Советияб х1акъикъаталъул цо-цо лах1затал

Исмаил Газимагомедов 2
      "...Гьеб букIана Совет пачалихъ немцалгун рагъда бугеб, кинабго гьелъул халкъги къварид бугеб заман. Дагъистаниязда тIад гьабун букIана 18 байбихьун 50 соналде щвезег1ан г1умру бугел бихьинал рагъде рахъинги, релъеда-къад чIеч1ого колхоз-совхозазул хур-хер хIалтIизабиги, боцIи-панз гIезабиги.
 
      ЗахIматаб иш букIана киналго руччабиги, рагъде инчIого хутIарал бихьиналги лъарагIлъиялде рачун, газа-белалъ кIудиял хандакьал (каналал) рухъизе тIами. Квен-тIех, ретIел-хьит къадараб букIун,  гьава-бакъ рекъечIого  гьенир гIемерал гIадамал унтулел ва холел рукIана.

      Гьеб киналдаго цадахъ бицун чи божулареб къадаралъул магъалоги букIана г1адамазда т1ад лъун. Мисалалъе, цо гIака бугев чияс нах кьезе кколаан гьеб гIакдаца рииялъ бечIчIараб рахьдал гьабуниги щолареб.
 
      Дагъистаналъул мугIрузда бугеб гьелъул рахь Россиялда бугеб цIцIеялъулдасаги дагь букIуна. ГIурус гIакдаца бечIчIулелъул хIисабги гьабун лъун бук1ана Дагъистаналъул гIакдада т1ад магъало. ГIи-цIаназда тIасаги кьезе кколаан квасги, гьанги, цIоко-тIехьги, жалго гьел ричаниги босизе щолареб къадаралда. ХIатта гIанкIудул хоногицин магъалоде кьезе кколеб букIана.

      «Заём» абун цIарги лъун щибаб соналъ зулму-хIал гьабун бахъулеб, кьечIого ресги гьечIеб, амма «добровольный» абун цIар бугеб гIарцул магъалоги букIана. Рагъ лъугIун хадуб, 1956 абилеб соналдаса байбихьун гьеб заёмги нахъе буссизабун цо-цо гIадамазе дагьабго гIарацги щвана. Амма гIемерисез гьел, хIукуматалда божилъи гьечIого рихъун нахъеги рехун рукIана.
   
      Гьир гIеч1елъуб къвачIагиян абухъе, гьелдаги тIад, 1944 соналъул феврал моцIалъул 23 абилеб къоялъ чачан-гъалгъаял гьоркьохъеб Азиалде ва Сибиралде гочинаруна. Гьебго соналъул ихдал гьезул ракьалде цо бутIа магIарулал, лакал, даргинал, лезгиналги гочинаруна: зулму-хIал гьабун, мина-мулкги цIа гъун бухIун.

      Гьедин гочинарурал Дагъистаниялги гIемерисел гьава-бакъ рекьечIого унтун хвана, нахъе хутIаралги цIакъ захIматаб хIалалда гьеб ракь хIалтIизабулел, пачалихъалъе хIалухъин ва гьан-нах битIулел рукIана. Гочинч1ого магIарухъ хутIаразда тIадги жеги кIудияб захIмалъи бегана - жидерго ракьгун цадахъ чачаналъе гочаразулги ракьал хIалтIизаризе ккун.

      Гьединаб, цоялда цо хурхараб, нахъаса къотIиго гьечIеб захIматаб хIал ва заман букIана гьеб рагъ лъугIун хадуб жеги 6-7 сон инегIанги. Цодагьабго гIадамазул яшав лъикIлъизе байбихьана I953 абилеб соналдаса нахъе. Гьебги букIана Сталинил ханлъи тIаса араб заман.

      Доб рагъул соназ букIараб гьеб хIал дида лъала дидаса цIикIараб гIумруялъул гIадамаз бицун. Дидаго бихьараб ва ракIалде чIарал лъугьа-бахъиназдаса руго гьанир хадур рехсарал.
 
      Гьел рагъул соназ колхоз-совхоз биххизе абунги лъугьун рукIана гIадамал. 1930 абилеб соналдаса хадуб,  гьезда кодоб букIараб боцIиги, ракьги нахъе босун, гьебги данд бан, гьезие бокьун, гьелги разилъун гьабурабин цIарги лъураб гIаммаб магIишат букIана гьеб.
 
      Германиялъул аскараз Россиялда тIаде гьужум гьабидал цо-цо гIадамазул хьул лъуна жидее эркенлъи щвелин абун. Гьел рукIана жидее Исламияб дин бокьулел, хIакъикъаб эркенлъи Аллагьасе дин гьабизе бугеб эркенлъи букIинги  лъалел гIадамал. Аллагьасда инкар ккурал коммунистазул ханлъи тIасан ин букIана гьезул мурад. Амма гьединал дагь рукIана.

      Дун гIолохъанаб мехалъ росдал хIакимзабилъун рукIараз бицунаан гьадинаб хабар:
 
      Немцалги гъалгъаязул ракьалде щун, гьенир кьвагьулел гIарадабазул гьаракь магIарухъ рагIулеб заманалъ, ЗайнулгIабид абун цо цIаларав чи вукIунаанин годекIанив гIодовги чIун: « ВачIа дир гьудул, Гитлер, вачIа!», - абун кIалъалев.
 
      Гьаб хабар бицунесул мурад букIана дов ЗайнулгIабид квешав чи вукIанин, гьес халкъалъул тушман Гитлерил рахъ кколеб букIанин абун чIезаби. Амма дида хадуб лъана гьев ЗайнулгIабид вукIараблъи, гьитIинав гIолохъанчи вугеб заманалъго «рухIаниял» абун цIарги лъун коммунистаз тIагIизарулел рукIарал гIадамалгун цадахъ туснахъалда вукIарав ва гьениб гьел Аллагьасул тушбабаз бусурбабазе гьабулеб букIараб зулму ва къварилъи жинда бихьарав чи.

      Немцазул рахъ кколеб бугин, Гитлерие квер бакъи гьабулеб бугин багьанаги батун Крималъул татаралги гьаруна коммунистаз гьеб соналъ Казахистан, Киргизистаналде гочине. Гьебго багьана батун букIана гьез чачан-гъалгъаял Казахстаналде гочизариялъеги.

      1944 абилеб соналде щвезег1ан нижерги нижер гурелги маг1арул росабазул г1емерисел гIадамал чачаналъе унел рукIун руго х1алт1изе. Гьениб гьез гьабулеб хIалтIиги, хурзал ракIари, цIул гьаби, бечедал гIадамазул рокъор хIалтIи ва цогидаб букIун буго. ХIалтIи щвечIого хутIарал ч1ах1иялги, жидер т1алаб гьабизе чи гьеч1ел лъималги гьардухъанлъи гьабун бет1ербахъи гьабулел рукIун руго.
Доб 1944 соналъ Чачаналъ ва Гъалгъаялъ рукIарал нижер гIадамаз бицунаан гьадинаб хабар:
 
     «Гьеб халкъалъул цониги чиясда жал гочизариялъул  хабар лъалеб букIинчIо. Щибаб росдада аскIор рагъухъабазул къокъаби чIун рукIана ва апицерзабаз гьел росабазул бегавулзабигун цадахъги лъугьун щибаб цIаракиялда ругел гIадамазул цIарал хъван сияхIал гьарулел рукIана.

     Цо къоялъ радал рахъиналде тIуранго росаби аскараз сверун ккун ратана. I6 соналдаса тIадехун ругел киналго бихьинал годекIанир ракIарана ва сверун рагъухъабиги чIезарун гьезие Сталинил буйрухъ цIалана. Гьелда жанир рукIана гьадинал рагIаби:
 
     «Чачан ва гъалгъай миллаталъул киналго гIадамал къоло ункъго сагIтил болжалалда, кодоб босизе кIолеб ретIел-хьит, квен-тIехги босун, лъимал-хъизангун, гьакида, чуялда, рес бугеб бакIалдаса машинаялда рекIизарун маххул нух бугеб бакIаладе щвезаризе ккола ва  гьенир поездалъул вагоназдеги рахизаризе ккола!», - абун.
 
     Цинги гьел бихьиналги туманкIул кIалалда гъокь чIезарун, гьезул руччаби, лъимал тIамуна цадахъ босизе кIвараб жоги босун рокъоса къватIире рахъизе. Гьеб къагIидаялъ тIубараб Чачан-Гъалгъаялъул халкъ цохIо сордо-къоялда жаниб вагоназде бахизабуна. Гьезда гьоркьор рукIарал цогидал миллатазул гIадамал гочизаричIого тана, амма гьезулги кодоб документ гьечIев чи вачун ана.
 
     Хьвадизе кIоларел херал, гIузруял гIадамазулги чангиял чIван гIодор рехулел рукIана. РикIкIадал мугIрузда бугеб цо росдал  гIадамал, цIараб заманалда жанир поездалъухъе щвезе гьечIолъиги бичIчIун, цо пермаялда жанир гъуна ва цIаги лъун рухIана. Гьениса лъутизе къасд гьабуралги речIчIун туманкIгун чIвалел рукIана».

     Гочун унаго нухдаги хадуб Сибиралъул ракъалдаги гьел гIадамазда бихьараб къварилъи-гIазабалъул х1акъалъулъ гьаниб хъвачIониги халкъалда лъалеб буго.
1943-1944 сонал рач1иналде росдал гIемерисел бихьинал рагъде ун рукIиналъ, хъвай-цIали лъалев, колхозалъул бетIерлъун тIамизе бегьулев цоги чиги щвечIого, дир эмен ГIумарил МухIамад тун вуго гьеб хIалтIуда. Гьесдаги жиндирго цIарцин хъвазе лъалеб букIун гьечIо.
 
     Нижехъа ИсрагIилил МухIамадица дида бицана, жеги I6 сон тIубачIев гIолохъанчи жив гьеб заманалъ бухгалтерлъун тун вукIанин. Жинца дир инсуе цIулал мугьру гьабунин «Умаров» абун тIад хъвараб. Районалдаса цо кинаб букIаниги кагъат бачIани, жинца гьеб Умаровасе цIалулаанила, хадуб гьес абурал рагIабиги тIад хъван жавабги хIадурулаанила. Гьеб жавабалда гъоркь, гъулбасалъул бакIалда, щакъиги тIад бахун доб цIулал мугьруги цузабулаанила.
 
     Гьелдаса хадув, рагъда ругъунги щун рокъове виччан вачIарав, хъвай-цIали лъалев СагIдулал ГIусман танила предколхозлъун.

     Нижер росдал гIадамалги Чачаналъ гочине рихьизаруразда гьоркьор рукIун руго, амма гьеб заманалъ росулъ рукIарал цо-цо гIакълу-лъай бугел гIадамаз районалъул хIакимзабигун дандги бан хутIун руго. Нижедасан тIадехун бугеб Къеди росдал гIадамал гочун унеб мехалъ гьезда бихьизе гIоло рокъосан къайи-цIа къватIибе босулеб, гьеб хIамузда тIад къалеб ххвелцин гьабулеб букIун буго. Къедисел жалгун дагIбадичIого рукIине гIоло хIукуматалъ ургъараб хIила букIун буго гьеб.
 
     Гьедин хутIин сабаблъун нижер росдал гIадамаз жидерабгун цадахъ хIалтIизабизе ккун буго Митрада, Сагьада, Инхокъвари, Гьакъо, Къеди росабазулги ракь. Гьелдаги тIад чачаназул ракьалда бугеб Хашакь абулеб росдал ракьги хIалтIизабун буго. ТIубараб лъагIелалъ рокъор руссинчIого, чехь гIорцIизе квен щвечIого, тIад сахаб ретIел гьечIого, кутакаб къварилъи баччун хIалтIи гьабун буго сасикьез.

     Гьеб хIалтIухъ росдае кьураб, «ЗахIматалъул бергьенлъиялъе гIоло» абун тIад хъвараб чанго байрахъ букIана нижер колхозалъул консиларалда. Цо чанго соналъ МахIачхъалаялъул хIурматалъул хъоршодаги букIун буго «РККА» колхозалъул цIар хъван. Гьеб буго Сасикьезул колхозалда букIараб цIар. Гьелъул магIнаги буго «Рабоче-крестянская Красная Армия» абураб.
 
     Гьадинал, тIилазда рухьарал хамил чIалазги, хъоршода хъварал цIаразги гуккун колхозияб магIишат гьабулел рукIун, жегиги бахIарго гIузрулъана ва хвана нижер росдал гIемерал гIадамал. Гьелдаго релъараб букIана цогидал магIарулазулги къисмат.

     Гьеб рагъ лъугIун хадуб цо чанго соналъги, «Рагъалъ чIунтизабураб халкъияб магIишат рукIкIалиде ккезабулеб буго», - янги абун, долго займалги, магъалабиги, страховкабиги ракIарун халкъалъул кисиниб шагьи-пара хутIулеб букIинчIо, гьезул рокъоб къайи-матахIги данделъулеб букIинчIо.

     Рагъде ун рукIарал гIолохъабазулги гIемерисел тIад руссинчIо. Руссаралги, сакъат ккун, бох-гъеж камун ва цогидалги лугбал жагъаллъун рачIана. Цо тайпа гIолохъабазул немцазухъ асирлъуде ккарабги букIана. Гьениса рорчIаралги коммунистаз, «ватIаналъе хилиплъарал» абун цIарги лъун I0-I5 соналъ квешаб туснахъалде ритIана.

     Дида гIакъло-лъай бачIараб 1947-1948 соназ бихьараб жо буго, мискинаб, язихъаб, пашманаб яшавалда ругел дир росдал гIадамал.

     ГIемерисел лъимал хIатIидагIицIго рукIунаан. Гьезда тIад ретIараб ретIелги цохIо гурде-тIажу букIунаан. Гьеб ретIелги гIемер гъизихараб ва гIемераб рукъи тIад бараб букIун, жиндир аслияб кьер щиб бугеб ва щиб хамил гьабураб лъалареб букIунаан. РетIел чуричIого тIубараб хаселги унаан - гьеб тIасса бахъиндал хисун ретIизе цойги ретIел гьечIолъиялъ.

     Къаси тIад регулеб бусенги жаниб хIет яги дарудел лъураб квасул ургу букIунаан. ТIаде бачунеб жоги квасул гьабураб, «цIаха» ян жинда абулеб бакIаб жо букIунаан. АнцIгоги къогоги соналъ хисичIеб ва чуричIеб, нацIцIалъ, тапца-чIетIалъ жиб цIураб, лъималазул кIущалъ туризабураб букIунаан гьеб бусен.

     Гьединаб язихъаб яшав букIиналъ лъималазул черхалде тIад тIагIизего тIагIуларел тIомол унтаби рукIунаан. Бищунго захIматаб букIана ботIрода букIараб тIехI абулеб унти. ТIубанго ботIрол тIом квешаб махI бугеб чанхъги тIад чIван букIунаан.
 
     Гьеб унти сах гьабизе кIолеб букIинчIо. Ахирабги гьеб тIагIизабуна 1955-1956 соназ Буйнахъскиялда ва МахIачхъалаялда больницабазда регизарун. НацI-чIетI жегиги чанго соназ тIагIун букIинчIо - жанир чIолеб рукъ, тIад ретIунеб ретIел чорокаб букIиналъ.

     Дида ракIалда буго, школалда цIализе унеб мехалъ, «дуст ДДТ» абулеб цIакъ махI квешаб дару балаан цIалдохъабазул ратIлил жанисеб рахъалда. Гьеб даруялъул квешаб махIалъ нацI тIагIулаан, амма кибго тIибитIараб хIутI-хъумур букIиналъ, цо анкьалдасан цIидасанги бачIун батулаан.

     1957 абилеб соналъ дун МахIачхъалаялда цIалулелъул, общежитиязда ругел цIалдохъабазул ретIел ва бусен-къай санэпидстанциялдеги баччун лъагIалида жаниб цо чанго нухалъ дезинфицировать гьабулаан. Ай гьенибги добго нацI камулеб букIинчIо ва гьеб хаезабизе гIоло, бухIараб хIухьлал хьагазухъе бан ретIел «бежулеб» букIана.

     Нижер хъизан жаниб чIараб мина букIана халалъухъе ва гIеблъухъе анлъ-анлъ метр бугеб цохIо рукъ. Гьеб рукъалъул 3 метр гIеблъи ва лъабго метр халалъи бугеб бакI хьопалъ хьухьун къадалги гьарун, гьелда хIарщ-ракьги бохьун батIа тIезабун букIана ва гьелда цIарги «печрукъ» абун букIана. Гьеб букIана жаниб гьитIинаб печги цIулал мангиги бугеб, цо хьибилаллда цIарагI тIад лъолеб 3-4 хъоршол гьабураб мегIелиги бугеб рукъ. ГьитIинабго гордуги букIана гьелъул. Нижер хъизаналъул 5-6 чи вукIана. Гьеб хъизанги, тIаде вачIарав гьобол-гьудулги гьеб ичIго квадратияб метралъ хIебтIун рукIунаан.

     Рукъалъул цогидаб бутIа букIана гордуги гьечIеб, берцинго къадазда хIарщниги бохьичIеб. Хасало тIад къан бачIунареб гьетIараб муцIаги букIана гьелъул, къадал цо хьибилалда риидал жаниб цIа бакулеб «тавухан» абулеб бакIги букIана. Гьениб бакараб цIадул кIкIуялъ чIегIерлъарал къадалги, чIало-рахиги букIана. Гьеб рукъалъул бокIнида, дунги дир гьитIинав вац ва кIудияй яц регулеб, хIеталде тIаде рехараб басрияб цIахаги, тIутIун тIагIулеб бугеб къохьол тIимугъги букIана. ТIубараб хаселалъ гьеб бусен хисизе рес букIинчIо ва нижер кIуш цIахаялдаса тIагIараб, гьеб бакъвараб заманги букIинчIо.

     Гьаб нижералда релълъараб яшав букIана росдал гIемерисел гIадамазул. Цо-цо хъизанал дагьабго мина-рукъ гIатIидалги рукIана, цо-цо нижедасаги язихъалги рукIана.

     Квен-тIех тIубанго тIагIун ракъи бугеб заман дир гIумруялда жаниб букIинчIо - цIоросоролъил хинкI-чедниги, тIехниги, картошка, гьолониги тIагIун хутIичIо. Цо риидал хурисан цIияб тIощел бакIаризегIан цохIо картошкаги нисоги кванан хутIараблъи ракIалда буго. Амма гьеб чед-хинкIалда цадахъ кваналеб жо гIемерисеб мехалъ цIам-лъим букIана.

     РакIалда буго, колхозалъул гIачияздаса бечIчIараб рахьалдаса тIорахь бахъулеб машина букIана. Гьеб тIорахь бахъун хадубги рахьалда цIцIо гъун, гьелдаса хIан гIадаб жо гьабулаан. Гьеб букIана щибго жиндир тIагIамги гьечIеб, ракь гIадаб нису. Квеналда цадахъ гьекьезе гьеб хIан бахъун хутIараб риди босизе кодоб тIалагъо-хьагги ккун иргаялда чIун лъималги рукIунаан. ГIемерисел гьеб щвечIого чIорого тIадги руссунаан.

     Цоги ракIалда буго, колхозалъул хIан жаниб лъурал къалазухъан гьеб хIан хIукуматалъе кьун хадуб нахъе хутIараб цIамул лъим (тори) босизе унел рукIараблъи - добго квеналъе дандежолъун гьеб хIалтIизабизе. Чанго нухалъ дунги дир яцги Къеди щвезегIанги ана гьеб тори босизе. ЦIоросоролъул хинкIалги гьарун, гьел жаниб релъараб лъималда дагьаб цIам ва тIехги жубан гьеб гьекъолаан хинкIалгун цадахъ ва гьеб жо цIакъ гьуинаблъунги кколеб букIана. Цодагьабго нисо-хIанги жубан буцараб тIохол къай кваназе щвейги кIудияб рохел букIана.

     Цоги ракIалда буго, эбелалъ ниж кIиго васасе цохIо хоно белъун, гьеб кIи бекун кьурабги. Нежецаги гIемераб цIанги тIад бан гьеб бащадаб хоно цо богалъе дандежолъун гIезабуна.

     Сасикьез гIемерал росабазул ракьал хIалтIизарулел рукIиналъ, гьезие дагьаб щунги тIощел щолеб букIана.
 
     Чачаназул Хашакь абулеб росулъе ине кколаан мегIерги бегун. Хасало цIакъго захIматаб нух букIана гьеб. Цо-цо гIадамал мегIер бегизе кIвечIого тIад руссунги рачIунаан.  Гьенисан хIамузда тIад къан бачIунаан цIоросоролъ. Цо соналъ гьеб цIоросоролъ букIана ккалараб, жиндир тIагIам цIакъ кьогIаб. Рес-чара гьечIолъиялъ гьелъулги хинкI-чед кваназе кколеб букIана.

     Рагъдаса хадусел соназ халкъалъе кумек гьабун бачIунеб ролъул ва огобалъул чIегIераб ханжу букIана. Цере хIамулги къотIун Буйнахъскиялде щвезегIан ине кколаан гьеб босизе ва гьеб сапар анцIго къоялдасаги халалъулаан.
 
     Нарт, цIам ва ххам-квар босизе унел рукIана ГIанди мегIерги бегун Грозниялда щвезегIан. Гьеб сапарги цIакь халатаб ва захIматаб букIана. Грозниялда унеб мехалъ хIамузда тIад цIоросоролъул ханжу, багIаргьоло, нисо-хIан лъолеб букIана. Гьенир ругел хIалтIухъабиги цIакъго язихъаб хIалалда рукIун, кваналеб жоялъухъги гьез хисун ретIел-хьит кьолеб букIана.

     Дир эбелалъул вац ГIабдулмуслимица бицунаан, жив анила Грозниялде хIамида тIад цIоросоролъул ханждал таргьаги къан.  Гьенив щвараб мехалъ цо чIараб бакIалдаса вагъаризе течIого сверун руссун гIадамаз ханжу бичун босулеб букIанила ретIел-хьитги жиндие кьун. Гьеб дармил байбихьуда жинца цо-цо стакан цIураб ханжу кьолеб букIанила цо лъималазул ратIлихъ. Дагьаб хадуб гIадамаз гьаранила гьеб жидееги щвезе гIоло цо чиясе бащдаб стакан гурони кьоге абун. Ахиралда жинца гьеб ханжу цо-цо гъуд цIураб жо бичанила ва гьебги хъатиниб бан, гьелда мацIги чIвалаго гIадамалги унел рукIанила.

      Гьаб дагьабго бакка-бахъиги гьабун доб заманалъ букIараб мискинаб, язихъаб яшавалъул дица бициналъул мурад буго гьаб тIехь цIалулел гIадамазда лъай, гьаб заманалъ бугеб г1адин бечелъи, эркенлъи, сахлъи-рохел кидаго букIинчIолъи. Гьелъул пикруги гьабун, гьал гIемерал нигIматал нилъее кьурав Аллагьасе Y гьез щукру рецц гьаби ва гьесие гIибадат гьабун, гьев разилъи тIалаб гьабун гIадамал хьвади".

Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIимил хабар.
"КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ"