Къедиселги совет х1укуматги

Исмаил Газимагомедов 2
     Т1оцебесеб дунялалъул рагъ сабаблъун заг1иплъараб Россиялда 1917 соналъ немцазул г1арцул кумекалдалъун т1алъи босарал, гьезул жасус, Ленин абулев жугьут1ас нухмалъи гьабулел балшевик1аз, халкъалъ жидер рахъ кквезе г1оло ургъарал гьерсазул цояб бук1ана «Кинабго х1акимлъи Советазухъ!» абураб ах1и.
     Х1акъикъаталдаги, байбихьуда бат1и-бат1ияб пикру жидер бугел г1адамал гьеркьор рук1арал гьел советал 1917 соналъул хаслихъ балшевик1аз риха-хочизаруна ва гьедин жидехъго бахъараб х1акимлъи 1991 соналъ гурони нахъеги биччач1о. Гьезул гьеб ах1иялъул цебе-цебесеб дандерижи гьеб заманалъ Дагъистаналъул муг1руздеги щун бук1ана, амма 1921 соналде гурони т1уранго гьенир щулалъизе гьезда к1веч1о. Къедиги гьез т1оцебесеб селсовет гьеб соналъ г1уц1ц1ана.
     Балшевик1азул к1иабилеб к1удияб гьереси бук1ана «Киналго заводал х1алт1ухъабазе!» абураб ах1и. Х1акъикъаталдаги гьез Россиялда гьеб заманалъ рук1арал киналго заводал пачалихъияллъун гьаруна ва гьелде щвезег1ан эркенго жидерго заводазда х1алт1улел рук1арал г1адамал кват1ич1ого лагъзал киниги гьел заводазда хадур рухьана ва харжалъул бак1алда «зах1маткъо» абулеб жоги хъван кванихъ х1алт1изаруна.
     Гьелдаса хадуб чанго соналдаса гьебго жо гьабуна росабалъ г1умру гьабун бугеб халкъалъеги. Гьелде щвезег1ан жидерго маг1ишатги гьабун эркенго рук1арал г1адамал «колхоз» абулеб жоги ургъун х1ал гьабун гьенир жанир руг1ана ва добго «зах1маткъо» абулеб, кагътида хъван бук1ин гуреб, бихьизеги щолареб, бичизеги лъалареб «мухьалъухъ» х1алт1изаруна.
     Балшевик1азул лъабабилеб к1удияб гьереси бук1ана «Халкъазе рекъел!» абураб ах1и. Россиялда т1ад х1акимлъи босизе х1адурлъулеб заманалъго гьел ургъун рук1ана т1оцебесеб дунялалъул рагъ Россиялъул жанисеб граждан рагълъун сверизабизе ва гьелъул кумекалдалъун гьеб пачалихъалда т1алъиги босизе. Гьелъул х1акъалъулъ гьарурал г1емерал хъвай-хъваг1аял руго гьев Ленинил т1ахьазда. Гьеб сабаблъун, вацас вац ч1вараб, вас ярагъгун инсуда данде вахъараб, росаби-шагьарал к1ийиде рикьун цоцалъ рагъараб ва гьеб рагъулъ милионал г1адамал ч1вараб балагь бач1ана Россиялъул халкъазда т1аде.
     Абизе бегьула Дагъистаналдаги гьебго х1ал бук1анин. Балшевик1ал гьенир риччаралин цоял, Дагъистанги, цадахъ кинабго Шималияб Кавказги, чияда бач1еб, жибго жиндаго ч1араб пачалихълъун бук1ине кколин, цогидал, имамги вищун гьелъул динияб пачалихъ гьабулел лъабабилел, г1емер бат1и-бат1иял къокъабиги, къуваталги, ах1иялги рук1ана гьел соназ нилъер муг1рузда. Рагъалги ккана, цоцалъ рагъулел бат1и-бат1иял къокъабазда гьоркьор цо рокъоса, цо росулъа г1адамалги г1емер рук1ана, гьедин цоцаца ч1ван г1емер чиги хвана. Гьел соназ къедисезул муг1рузда хьихьун бук1ун буго Дагъистаналъул имамлъун вищун вук1арав Х1оцоса Нажмудинил г1и-боц1и. Гьединлъидал батила, гьесулги Салт1аса Узунх1ажилги боязда гьоркьор гурони къеди-сасикьел рук1анин бицен раг1ич1о. Гьедин гьезул баракаталъ, цо рахъалдаги ч1ун балшевик1азда данде гурони гьел цоцалъ рагъизеги ккун гьеч1о.
     Балшевик1азул ункъабилеб, нахъег1анаб гьереси бук1ана «Ракь рекьарухъабазе!» абураб ах1и. 1917 соналде щвезег1анго 90% Россиялъул ракь гьединги жалго рекьарухъабазул бет1ергьанлъиялда бук1ана. Жидехъ т1алъи щварабго балшевик1аз кинабго ракь пачалихъияблъун лъазабуна ва гьелда данде ч1арал рази гьеч1ел г1адамал цоял ч1ван цогидал Сибиралде рит1ун лъуг1изаруна. Хут1арал г1адамалги гьаниб цебе бицараб х1алалъ цо-цо г1уц1ц1иялги ургъун лагъзал кинигин гьенир рухьана ва кванихъ х1алт1изаруна. Гьединабго х1ал бук1ана гьел соназ Къедиги. Колхоз абулеб жоги гьабун гьенир къот1ана цо тайпа г1адамазул, цогидал рази гьеч1ел, цо-цо ц1арги лъун туснахъазде рит1ун т1аг1изаруна, гьезул хъизанал, маг1ишат-яшав пана-пасат гьабуна. Гьеб х1алалда, балшевик1азул т1анч1и коммунистазул зулмуялда гъоркь Россияги, жеги анц1ила ункъго гьелда сверухъ ругел пачалихъалги хут1ана 70 соналдаса дагь гьеч1еб заманалъ. Советский Союз абулеб пачалихъги бихараб, коммунистазул къуватги хвараб 1991 соналъ гурони гьеб зулму гьел халкъазда т1асан инч1о.
     Абизе бегьула киназдасаго къабих1аб, бищунго ничаб гьереси балшевик1азул бук1анин «Ракъаразе чед!» абураб ах1и. Ракъаразени киб гьез гьеб кьелеб, гьел т1ад рач1инелдего пачалихъалъул рук1арал нахърателалги къват1исел улкабазе ричун гьел рач1ана росабалъе ва «продразвестка» абун ц1ар лъураб цо жоги ургъун рекьарухъабазухъаги бахъана - кваназе тараб гуребги ихдал хьазе тарабгицин т1ошел. Гьеб ва гьелда релъарал, гьел балшевик1азул г1айибалдалъун ккарал г1илабаздалъун 1920, 1930 соназ милионал г1адамал ракъун хвана пачалихъалда. Т1убарал росаби, шагьарал, сверун хъаравуллъиги лъун хвезе тун рук1ана коммунистаз. Россиялъул тарихалда жаниб гьединаб жо жеги ккун бук1инч1о. Дагъистаналдаги гьеб заманалъ кванил сурзатазул рахъалъ лъик1аб х1ал бук1инч1о, амма ракъиялъ г1емер г1адамал цадахъго хвеялъул х1ужаби гьеч1о. Гьединго Къеди-сасикьезул яги Ункъракьалъул цогидал росабазул г1адамал гьел соназ ракъун хвеялъул бицен раг1ич1о. 
     Гьедин цоялдаса цояб нахъег1анаб гьересги бицун т1алъи босарал коммунистаз жидер х1акимлъиги щулалъараб, гьеб щулалъиялда жидер рак1ги ч1араб заманалъ лъазабуна Аллагьги гьеч1ин, гьев вугин абулел, гьесда божулел г1адамалги жидер пачалихъалда рук1ине кколарин. Киналго диниял бак1алги гьезул буголъиги пачалихъалъул буголъилъун лъазабуна, гьел бак1азул цо-цоял рихизеги гьаруна. Динал малъулел ц1алул идараби къана, херал-г1олохъаназухъ балагьич1ого, «рух1аниял» абун ц1арги лъун, цоял ч1ван, цогидал туснахъазда лъун, лъабабилел Сибиралде рит1ун диниял церехъабиги лъуг1изаруна.
     Коммунистаз бух1ун, яги бахчараб бак1алда турун т1аг1ана нус-нус соназ гьел диниял бак1азда рак1арун рук1арал къиматал т1ахьалги цогидал к1вар бугел хъвай-хъваг1аялги. Гьеб балагьалдаса хвасарлъун нилъехъе щварал, гьанже килисабаздаги мажгитаздаги ругел басриял т1ахьал руго гьеб заманалъ цо-цо г1адамаз коммунистаздасаги х1инкъич1ого рахчун хут1арал. Ункъракьалъул росабазул мажгитаздаги руго гьединал т1ахьал. Гьенир биценалги руго комсомолцал абулел коммунистазул т1анч1аз мажгитаздаса къват1ибги бахъун диниябги динияб гуребги г1елму бух1иялъул х1акъалъулъ. Къедиги руго гьединал биценал. Рух1аниял абун Ункъракьалъул щибаб росулъа 5-10 чи коммунистазул х1укуматалъ ккун иналъул ва гьел туснахъазда т1аг1изариялъул х1акъалъулъги руго биценал.
     Гьедин диналда кьабиги щвезабун, коммунистаз жидер пачалихъ лъазабуна Аллагьасда божуларезул пачалихълъун. Кинабго халкъалда т1адаблъун гьабуна цо къаг1идаялъ пикру гьабизе ва гьелда хадуб хъаравуллъиги кьваризабуна.
Кинниги, бак1-бак1алда, хасго росабалъ хут1ун бук1ана эркенлъиялъул дагьа-дагьаб асар – жалго г1адамал бет1ергьанаб маг1ишат-яшав. Гьебги бук1ине кколарин, советиял г1адамал цоцада релъарал, цоял-цоязда ращадал рук1ине кколин х1укму гьабуна коммунистаз ва ургъана колхоз.
     Кир рук1аниги ургъелги гьеч1ел, цогидазулгун данде рехизе жоги т1убанго яги дагьаб гурони гьеч1ел г1адамазул цо тайпа байбихьудаго колхозалда гьоркьор лъугьана. Гьенир лъугьич1они ккезе бегьулеб жо бич1ч1аралги сас тун гьелгун журана.
     Гьеб ишалъулъги жидерго к1игьумерчилъи бихьизабуна коммунистаз. Рази гьеч1ел г1адамазе жидеца гьабизе х1адурун бугеб жо гьездаса бахчана ва х1ила гьабун гьел гьеб разилъи гьеч1олъи загьир гьабизе т1амуна. Х1атта, рази гьеч1ел г1адамал жидерго маг1ишатги гьабун жалго тезе ругин гьерсалгицин рицана. Къеди буго бицен, къедисезда колхоз г1уц1ц1иялъул бицизе районалдаса вач1арав райисполкомас абун бугин, «Рази ругел гъоркьияб гьоц1и лъугьа, рази гьеч1ел т1асияб гьоц1и лъугьа», - ян. Гьесдаги божун «т1асияб гьоц1и лъугьарал» цоял, цо-цо иш сабаблъун х1акимзабазулгун даг1ба гьабурал яги гьезие рокьуларел цогидал къедисел, рак1а-рахарун, колхозалда данде ч1аралин, кулакалин ц1арги лъун, г1емер кват1ич1ого туснахъ гьаризе рачун ана.
     Иргадулаб гьеб зулму халкъалъе гьабизе коммунистал т1амураб нухмалъилъун бук1ана гьел соназ пачалихъалъулги гьезулги бет1ерлъун вук1арав Исталиница цо данделъиялда гьабураб хит1аб. Гьебги гьелъул ккараб х1асилалъулги бицараб хабар буго гьаниб хадуб.
     1929 соналъ Москваялда ахIун букIараб колхозник1азул тIоцебесеб съездалда кIалъалаго, СССР пачалихъалъул бетIер Исталиница абун буго, нилъер пачалихъалъул халкъалъул щибаб 100 рукъалда гьоркьоб 4-5 рукъ бугин кулаказул, 8-10 – бечедал гIадамазул . Коммунистазул кIудиясул ахIиялъе жаваб гьабун, цолъарал магIишатал-колхозал гьаризе къватIи рахъарал церехъабазеги, гIадлу цIуниялъул идарабазеги  гьел рагIаби рукIана жидер хIалтIи гIуцIцIиялъе бугеб, кидагосеб ва жинда тIад калам гьабизе рес гьечIеб нухмалъилъун. Гьелда рекъон, «кулаказул классалде» данде къеркьолаго, гьел хIаракатчагIаз хадусеб 5-6 соналда жаниб бихизабун, талавур гьабун буго аза-азар хъизаналъул магIишат. «Кулакал» абун, «колхозал гьариялда данде чIарал» абун цIаралги лъун, туснахъ гьаризе Сибиралде рачун ун руго миллионал гIадамал. Жидее къотIараб заман лъугIиналде цIакъ дагьал чагIи гурони гьезул чIагоги хутIун гьечIо.
    1929 соналъ гьарурал хъвай-хъвагIаязда балагьидал бихьулеб буго CCCР пачалихъалда жаниб букIараблъи 25 миллион хъизан. Щибаб хъизаналда жанив 4-5 чиги вукIун ватани, абизе бегьула гьев гIаштIичиясул чанго рагIиги гьелда рекъараб нухмалъиги сабаблъун, бищун дагь босаниги 12% гIадамазул ракьулъе битIун бугин. Гьеб ккола гIага-шагарго 15 миллион чи.
    ТIоцебесеб дунялалъул рагъда Россиялъе камун вуго 2 миллион чи. КIиабилеб дунялалъул рагъда СССРалъе  – 20 миллион чи. Рагъго гьечIеб заманалъ, бищун сахал, бищунго бажари бугел тIаса рищун 15 миллион чи тIагIинави гIадинаб рагъги баллагьги халкъалъе цоги букIинеги ургъизеги рес бугищ!? Гьеб къадар гIадамазул буго цохIо «колхоз» абулеб жоялъул гьабил ганчIица хенараб. «РухIаниял» «Халкъалъул тушбаби», «Шпионал» абун цIаралги лъун, жеги чанго миллион чиясул рукьбиги «хъарсана» дол соназ, Ленинил ва унго-унгояв халкъалъул тушман Исталинил бихьизабиялда рекъон, коммунистазул хIукуматалъ. Гьебги - лъай бугел тIаса рищун, бичIчIи бугел цIехон. «Нижеца басрияб, бихила дунял…», - гьедин гурищ гьел чIвадарухъабазул кумекчагIаз ахIулеб букIараб, боцIи гIадин бакIарун халкъги вагоназде бугIун иргадулаб эшелон Сибиралъул цIоролъе регIулаго?
     Гьаб баян ритIухъ гьабулел мисалал цIехезе гIемер рикIкIаде, архивазде яги тарихчагIазухъе ине кколаро. Дунялалда тIад бищунго кIудияб нилъер пачалихъалъул рагIа-ракьан гьечIел авлахъазда билараб, мугIрул тIогьиб яги кIкIалал тIинда къараб, бищун гьитIинаб яги кIудияб, цогIаги росу яги шагьар гьечIо гьеб балагьалъул лъалкIал жанир гьечIеб. Жеги чIаго руго гьеб жидер беразда бихьаралги жидеда хъваралги гIемерал нугIзал – «гвангъараб букIинеселъе» гIоло ракьулъе ритIарал гьел къурбаназул цо-цо лъимал, гIагарал чагIи, мадугьалзаби.
     Колхозалги г1уц1ц1араб, кулакалги лъуг1араб, коммунистазул зулмуялдаги ругьунлъун гьанжего-гьанже халкъ г1одоб биччараб заманалъги бач1ана ц1ияб баллагь г1адамазде. 1941 соналъул риидал немцал к1анц1ана СССРалда т1аде ва гьел цо лъаг1алидаса Кавказалдеги щвана. Грозныйги Моздокги гьезул кодоб бук1ана, Мах1ачхъалаялдацин гьезул самолетаз бомбами рехана.
     Коммунистаз халкъалъе гьарурал зулмаби сабаблъун Аллагьасго гьезда т1аде биччараб баллагь бугин гьеб рагъин абулел г1адамалги гьеб заманалъ г1емер рук1ана. Бицуна, гьелда релъараб маг1наялъул хъвай-хъваг1аял жанир ругел кагъталгицин рук1анин немцаз самолетаздаса росабазда ва шагьаразде т1аде ралел. 
     Коммунистазда ццин бук1унищ яги гьезул командиразул гьунар гьеч1олъиялъищ лъаларо, т1оцебесеб чанго моц1алда жанир миллионал советиял рагъухъаби ккана немцазухъ асирлъуде ва гьезул г1емерисел гьенир ракъунги унтунги хвана. Рагъ лъуг1идал ч1аго хут1ун ват1аналде руссаралги Исталиница анц1-анц1 сон туснахъги къот1ун гьенирги т1аг1ана, дагьал гуро нахъе хут1ич1ого.
     Пал-х1асил, къокъабго заманалда жаниб Белорусги Украинаги бахъун немцал Москваялде аск1оре щвана.
     Гьеб х1алалде ккедал к1анц1изе бак1 т1аг1арал коммунистазги гьезул бет1ер Исталиницаги халкъалде ах1и бана ва т1оцебесеб нухалъ гьезда вацалинги абуна. 1942 соналъ, СССРалъул халкъалъул балугъал щинал, 50 соналдаса гъоркье г1умру бугел бихьинал ват1ан ц1унун рагъизе рахъизе т1адаблъун гьабуна.
     Ункъракьалдаса рагъде арал бихьиназулги г1емерисел гьеб соналъ арал руго. Къедиги гьебго х1ал бук1ана. Рагъде аралги г1емер рук1ана, инч1ого, хьвай гьабун ч1аралги дагьал рук1инч1о.
     Бащадал гурони къедисел т1ад руссинч1о гьеб рагъдаса. Руссинч1езулги г1емерисел араб бак1 лъач1ого т1аг1анин буго. Жидер хоб бугеб бак1 лъалелги ц1акъ дагьал руго.
     Тушманги ват1аналдаса къват1ив къот1араб, гьесда т1ад бергьенлъи босулеб заманги г1агарлъараб 1944 соналъги гьекъезабуна коммунистаз СССРалъул цо-цо халкъазда зулмуялъул кьог1аб лълъар. Щибго жоялда шаклъи гьеч1ел, лъуг1улеб бугеб жо бич1ч1уларел г1адамал рач1ун цо рогьалилъ аскарги т1ад гъун рахъизаруна жидерго рукъзабахъа ва эшелоналги ц1езарун боц1и г1адин рег1ана ват1ан тун къват1ир. Гьедин рачун арал чачаназулги ингушазулги росабалъе, гьездаго г1адин ват1анги тезабун рахъизаруна Дагъистаналъулги цо-цо халкъал, гьелгун цадахъ ункъракьалъулалги. Т1ад руссун рач1инч1ого рук1ине г1оло рихизаруна ва рух1ана гьезул росабиги.
     Г1емерисел къедисазе ч1езе бихьизабун бук1ана Ведено росу. 1957 соналъ чачанал т1ад руссун рач1индал гьениса нахъе ине ккарал гьел рахъ-рахъалде рикьана, гьединлъидал Къеди т1ад руссун бащадалцин къедисел рач1инч1о. Гьединабго х1ал бук1ана гочизарун рук1арал цогидал Ункъракьалъул росабазулги.   
     1953 соналъ Исталинги хун туснахъаздаса тархъана гьес жанир т1амун рук1арал, ч1аго хут1арал г1адамазул г1емерисел. Кулак гьарунги, цоги-цогидал г1айибал г1унт1изарунги жанир т1амун рук1арал къедисезулги гьеб заманалде къанаг1ат гурони чи ч1аго хут1ун вук1инч1о.
     Гьелдаса хадусел соназ ккарал, тарихиялин абизе бегьулел лъугьа-бахъинал руго Къеди т1оцере токалъул чирахъал ракиги, машина бач1инги, мажгит байги, колхоз бихун г1адамал эркенлъиги. Хас гьабун гьеб колхозалъулги гьелда сверухъ бук1араб-таралъулги бицизе бегьилаан, амма т1ехьалъул гьаб ва гьалда хадусеб бут1аялда гьелъул х1акъалъулъ г1емер бицун бук1иналъ тана.
.....................
"КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ" т1ехьалъе. 2019 сон.