Ункъракьалъул ва къиялазул амирзаби

Исмаил Газимагомедов 2
 
     ЦЕБЕРАГ1И
Нилъер ват1аналъул тарихияб г1елмуялда жанир: «Къедиса амирзаби», «Ункъракьалъул амирзаби», «Къедиса нуцаби», «Къедиса султанал» гуребги, жеги чанго бат1иял ц1аразда гъоркьги рихьизарун руго гьел ц1ар раг1арал г1адамал. Амма кинаб ц1ар гьезие гьениб кьун батаниги, гьезул щибалъул буго цо маг1на – гьел г1адамал рук1ана Кавказалъул цо бут1а ракьалъул хважаинзабилъун ва, шаклъи гьеч1ого, гьелъул тарихалда жаниб гьез тана гъваридаб лъалк1.
     Гьел г1адамазул амирлъиялъеги, жидер ракьалда, жидер амирлъиялда гъоркь ругел г1адамаздехун гьезул бук1араб балагьиялъе, рит1ухълъи яги рит1ухълъи гьеч1олъиялъеги къимат кьезе лъугьинч1ониги, т1ехьалъул авторас х1ал бихьана, нус-нус соназ цо халкъалъе жидеца цебехъанлъиги гьабурал, гьелъул квешаб-лъик1алда цереги рук1арал, цинги цо къоялъ «Кавказалъул рагъ» абураб балагьалъул къурбаналлъунги жал лъугьарал  г1адамазул х1акъалъулъ, гьезул х1урмат гьабун бицине.   
     Гьаб хъвалесул кинабг1аги шаклъи гьеч1о гьел г1адамал рук1араблъиялда жидер заманалъул лъик1аздаса ва цере т1ураздаса, ва, г1емерисеб кколеб г1адин, гьеб ккараблъи гьел г1адамазде бач1араб баллагьалъе г1иллалъун.

     1 БУТ1А
     УНКЪРАКЬ ВА КЪЕДИСА НУЦАБИ
Борхатаб Кавуда[] кисма[] гъедалго
Киндай рихъ-рихъичIел хъахIилал зобал?
Кавудахъан рачун лучби гъуридал
Щайдай кьвагь-кьвагьичIел чIегIерал ракьал?

РигIарал, тIагIаял тIухьидул гулби,
ТIинчI мокъокъил курмул киндай рорлъана?
ТIун кескал лъугьаял Мисри хвалчаби
Лучбузул габунир киндай рахъана?
                (магIу)[1].
     Къеди ккола маг1аруллъиялда бищунго тарих бечедал росабазул цояб[2], гьелъул гьеб тарих ц1акъго жубараб буго нек1сияб Хунзахъалъул тарихалда. Гьеб росу бугеб мухъалда абула «Ункъракь», жиб гьанжесеб Гуржиялъулги, Чачанлъиялъулги, Дагъистаналъулги г1орхъаби журалеб бок1оналда бугеб. Гьединго Ункъракьалде гьоркьоре уна Сасикь, Силди, Гьакъо, Митрада, Гъоркь-Хъваршини, Т1ад-Хъваршини, Цихалахъ ва Хушет росабиги. Тарихиял хъвай-хъваг1аязда ратулел ва бак1алъул г1адамазул биценазда гьоркьор ругел баяназда балагьун абизе бегьула Къеди бук1ун бугин гьеб Ункъракьалъул тахшагьар г1адаб бак1ин. Гьединго муг1рузулаб Дагъистаналъул гьеб рахъалда г1умру гьабун ругел ва цог1аги нухалъ Къеди щварал г1адамаз нуг1лъи гьабула гьеб бугин берцинаб ва г1умру гьабизе ц1акъ санаг1атаб бак1ин. Гьединлъидал батила, кидаялиго Ункъракьалде гьижра гьабун рач1арал Хундерил ханзабазул чаг1азги[3] гьеб, рорхатал муг1руз сверун къараб, г1урччинал байдабазги герчал рохьазги берцин гьабураб, Кавказалъул бищуго рик1к1адаселги г1агардаселги ракьазде унел нухалги данлъулеб авлахъ г1умру гьабун ч1езе т1аса бищараб. Къедисезул боц1ул гьаналъулги, нахалъулги ц1ар кибго т1ибит1араб бук1ана[4] ва гьезул ракьалдаса бук1ана Хундерил ханлъиялда гъоркь бук1араб Къиялъе Хунзахъа унеб нухги.
     Ч1анти ва Шаро-Аргун г1оралъул раг1аллъабаздаса, Хашакь лъарал мухъккун т1аде Игъадахъ мег1ералъул шобилъе (2952 м.) бук1ана боц1иги г1адамалги Дагъистаналде хьвадулеб нух[5]. Гьелъул х1акъалъулъ жиндир «Древный Хунзах и хунзахцы» абураб т1ехьалда жаниб тарихчи Т. М. Айтберовасги бицун буго. Гьесул пикруялда рекъон, монголазул заман бач1иналде цереккун, бищунго гучал, сиясатги цебе т1урал Шималияб Кавказалда рук1арал пачалихъаздаса цояб бук1ун буго, жиндир квершел кодосел г1адамал нек1сиял гьириязул (осетиназул) мац1алда к1алъалеб Алания. Ибн Руста абулев тарихчиясул хъвай-хъваг1аязда рекъон, жеги IX г1асруялъул к1иабилеб бащалъудаго, гьанжесеб Чачан-Гъалгъаязул ракьалдасан гьеб Аланияги Сарирги цоцалъ бухьараб нух бук1ун буго. Ал-Масуди абулев г1арабазул тарихчиясги хъван буго, гьижрияб 932 соналде, муг1рузулаб Хунзахъ рук1арал амирзабазда ва Аланиялъул ханзабазда гьоркьоб ригьнал г1агарлъиги бук1анин – «гьезул щивас ячун йик1ана цогидасул яц» абун[6].
     Хунзахъ т1алъиялъулгун цогидаб дунялалъул бухьен ч1езабулеб жеги чанго нух бук1ана гьеб заманалъ маг1арухъ. Автомашинабиги раккун гьезие ц1иял нухал гьаризег1ан цере гьел басриял нухазул к1варги хвеч1о. Гьел нухаздаса Аваразул ракьалде рорч1ине тушбабазги чанги х1ал бихьана, бат1и-бат1иял халкъазул культураги бач1ана, хундерих нуцабазул ханлъиги билъанхъана, чабхъадги хьвадана, цогидаб маг1аруллъиялда болмац1ги т1ибит1ана[7].
     Гьеб нухккун цоцалъе хьвадана Аваразулги, Аланазулги, Кабардиназулги ханзабазул вакиллъи ва цо заманалъ гьеб бук1ана «Великая Шелковая дорога» абун тарихалда ц1ар раг1араб нухалъул цо г1аркьеллъунги. Каспий ралъдал раг1аллъабаздаса байбихьараб Ч1ег1ераб ралъдал раг1аллъабазде щвезег1ан Кавказалъул муг1рул къот1ун унеб гьеб нухдаса даранчаг1аз баччулаан китаязул дарай ва цогидаб къайи-ц1а. Ункъракьалъул ва цоги сверун ругел ракьазул г1адамал даран-базаралъе руссунеб бак1лъун цебе заманалъ бук1ана Къеди росу[8], жиндир ракьалдаса гьеб нух унеб. Аваразул нуцаласеги Къазигъумухъалъул (Гъумеки) ханзабазеги магъало бак1арулел чаг1иги хьвадана гьениса. Гъалгъаязул Г1аршти абулеб бак1алдаса байбихьараб гуржиязул Тушалъе щун, Кистиялде г1унт1ун жидер ханлъиялда гъоркь рук1арал халкъаздаса бак1арараб магъалоги баччана[9], Къеди рук1арал нуцабазул хъизаназда гьоркьоб бикьизе цо бут1аги тун хут1араб Хунзахъе ва цо заманалъ Гъумекиги щвезабуна гьениса. Гъазигъумухъалъулги хадуб хунзахъезулги ханлъи заг1иплъараб мехаз Къеди рук1арал нуцабаз гьеб кинабго жидеегоги толаан. Гьелъул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго ц1ар раг1арав тарихчи Х.-М. Хашаевас:
      «1801соналъ аваразул хан Г1умахан хвеялда бан хунзахъезул т1алъи заг1иплъиялъ к1удияб асар гьабуна жидер квершел бугел ракьазда т1ад хважаинлъиги жалго жидедаго ч1ейги Къедиса нуцабазухъ щулалъиялъеги ц1ик1иналъеги». Архивазда бугеб цо документалда гьелъул х1акъалъулъ гьадин хъван буго: «Къедиги, Сасикьги, Силдиги росаби Къедиса нуцабаз жидер милклъун рик1к1уна, гьел росаби т1ад рараб ракь жал бет1ергьанаб бук1иналъ. Гьединлъидал гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез цо-цо чахъуги, цо-цо сах1 т1ощалилги, лъаб-лъаб къо х1алт1улги щибаб лъаг1алие босула»[10].
     Къеди ва Ункъракьалъул цогидал росабалъ г1умру гьабун ругел г1адамазул мац1ги, рух1ияб ва дуниялияб культураги т1убанго релъараб буго маг1арулазда. Жидерго хасал мац1ал ругел т1индисезул, ч1амалазул, багвалазул, хъваршисезул, ц1унт1асезул, гьединго чачаназул ва тушазул жамаг1атаз сверун ккураб Ункъракьалъул гьеб хаслъи бук1ин жинда х1икмалъи гьабизе кколеб х1ужа буго.
     Гьелъги бицунеб буго маг1арул мац1алда жал к1алъалел гьел г1адамал гьеб ракьалда т1ад киса ругониги гочун рач1ун решт1арал рук1ин. Дагъистаналъул тарих-г1елмуялда жаниб киналго т1адрекъараб пикру буго Ункъракь бук1анин Авар ханлъиялъул «щулалъабазул» цояблъун[11]. Гьелъул тарихиял кьалбал ц1акъго нек1сиял руго ва гьеб тарих Авариялъул сиясаталъул тарихалда щулаго бухьарабги буго[12].
     Нус-нус соназ Ункъракьалда квершел гьабун гьелъул х1акимлъун вук1ана Къедиса Нуцалчи. Ункъракьалъул ич1абго росуялъ магъало кьолаан гьесие. Гьел росабалъ г1адлу-низам билъанхъизабизе т1аса рищарал г1адамалги рук1ана гьесул. Бат1и-бат1иял суалал данд разе гьел рак1арулаан Къеди ва гьел данделъабазда гьев нуцалчиясул бет1ерлъиялда гъоркь х1укмабиги гьарулаан[13].
     Гьеб х1ужаялда мугъч1вайги гьабун абизе бегьула Ункъракь кидаго бук1анин гьелъул киналго жамаг1атал Къеди росдада сверун рак1арараб цолъилъун, гьенив ч1арав нуцалчиясул т1алъиялда гъоркь. Жиб-жиб рукъ рик1к1ун магъало кьей гуребги, гьел жамаг1атазда т1ад гьабун бук1ана гьев нуцалчиясул аскаралде рагъухъаби рит1инги, гьесул тухум-кьибилалъул г1адамазул х1урмат гьабиги[14].
     Гьелдасан бихьулеб буго Ункъракьалда гьев нуцалчиясул ракь бук1араблъи жинда т1ад бет1ергьанлъи феодалияб къаг1идаялъ г1уц1ц1араб. Гьеб кинабго ракьалъул хважаинлъун жив вук1ин гурони цоги г1орхъи ч1варал ракьал гьелда жанир гьесул рук1инч1о. Кинабго гьеб ракь бук1ана жиндаса пайда босизе цогидазухъ гьес кьолеблъун ва кьураблъун. Европаялда доб заманалъ феодалазул ракь бат1а (барская запашка), рекьарухъабазул бат1а бук1араб г1адин гуреб, гьаниб нуцалчиясул ракь г1аммаб ракьлъун бук1ана. Гьелда жанир жалго рекьарухъабазухъ рук1арал ракьул бут1абиги бенефициял х1исабалда рук1ана[20], нуцабазе гьабураб гъулухъалъухъ жидее кьурал, цинги лен х1исабалда жалго бет1ергьаналлъунги лъугьарал[21], гьаниб цебе бицараб къадаралда магъало кьезе ва х1алт1и гьабизе къот1игун[22].
     Гьединаб х1исабалда Къедиса нуцабаз гьеб жидер ракьалда ва гьениб бугеб халкъалда т1алъи гьабулеб ва гьезие х1инкъи гьеч1олъи ч1езабулеб бук1ана умумузул г1адаталда ва шарг1алда рекъон.
     КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ Т1ОЦЕРЕСЕЛ БИЦЕНАЛ ВА УНКЪРАКЬАЛДЕ ИСЛАМ ЩВЕЙ[23]
     Ункъракьалда ругел биценазул х1исаб гьабидал бихьулеб буго Хунзахъа ханзабазул рукъалъул чаг1и Къеди рач1ин бит1ахъего бухьараб бук1ин Бакът1ерхьул Дагъистаналъул халкъалда гьоркьоб ислам т1ибит1иялда[23]. Амма тарихалда ругел баяназда рекъон гьеб иш ккун буго г1емерго цебе, Абухосро ханасул заманалдаго. Гуржиязул «Псевдо-Джуаншерасул тарихияб хъвай-хъваг1ай» абураб х1алт1иялда жаниб бицун буго XIII г1асруялъ тушаздаги (Г1анди г1орул т1асияб рахъалда ругел халкъазда), гьединго хунзаздаги ва гьеб ракьалъул цогидал хъанчие лагълъи гьабулел халкъаздаги т1ад ханлъи гьабулеб бук1анин Абухосро абулев ханас[24].
     Псевдо-Джуаншерица, Тушетияги Хунзахъги цо пачалихъ бук1анин бицунеб хабар мух1канаб бук1ин баян гьабулеб буго, гьоркьохъел г1асрабазул тарихчи Мух1аммад Рафица жиндир «Тарихи Дагъистан» абулеб т1ехьалда. Г1араб мац1алъ хъвараб гьеб х1алт1иялда жаниб бицун буго, Авариялъ ислам босизе цебесеб заманалъ тушал рук1анин Хунзахъ ч1ч1арал нуцабазул ханлъиялда гъоркь[25].
     Гьеб т1ехьалда жаниб бугеб бихьизабиялда рекъон, Суракъат ханасул ханлъи т1ад бугеб ракь баща-бахъадаб бук1ун буго IX г1асруялъ бук1араб Сарир улкаялъул ракьалда. Бусурзабазул гьеб заманалъ рук1арал хъвадарухъабаз бицунеб буго, гьеб улкаялъул ханзабаз магъало бак1арулеб бук1анин Черкесиялдаса байбихьараб Ширваналъул Шемахи шагьаралде щвезег1ан бугеб ракьалдаса[26].
     IX г1асруялъул к1иабилеб бащалъуда байбихьула Сариралъулги бусурзабазулги лъабнусго соналъ халат рахъарал рагъал, жиделъ, шаклъи гьеч1ого, гьеб улкаялъул тахшагьарлъун жиб бук1араб Хунзахъа г1адамалги г1ахьаллъарал[27].
Мух1амад Рафил «Тарихи Дагъистан» т1ехьалда бицунеб буго Г1абдула Абу-Муслим абурав амирасул бет1ерлъиялда гъоркь Къара-Хайдакъалдаса бач1араб гъазизабазул боялъ Авариялда ислам т1ибит1изабиялъул х1акъалъулъ. Гьеб заманалъ (XII-XIII г1асру) Авариялъул ханлъун вук1анила капурав нуцал Суракъат ва гьеб ракьалъул халкъалъ «как балеб бук1анила хъанчазе». Суракъат нуцаласул ханлъи гьоркьоб къот1изабунила рагъаздалъун[28]. Нахъе хут1араб аскаргун, хазинагун ва цогидал рокъосел чаг1игун Суракъатил вас Баяр (Байсар) лъутанила Ункъракьалде ва г1умру гьабун Къеди ч1анила. Цадахъ бо бук1иналъ гьесда к1ванила бак1алъулаб халкъ жиндие мут1иг1 гьабизе[29].
      Гьелдаса хадуб Хунзахъ т1алъи Абу-Муслимил амирлъиялда гъоркь ккана. «Хузахъ-наме» абураб нек1сияб хъвай-хъваг1аялда жаниб бицунеб буго Аваристанги кверде босун, гьениб исламги т1ибит1изабун, Абу-Муслим вагъаранила Тушетиялдехун, амма гьенив щвелелде нухда унтун хванила ва вукъун Хунзахъ вугила. Гьеб хъвай-хъваг1аялъул кьуч1ч1алда абизе бегьула Абу-Муслимида рак1алда бук1анин Тушетиялда ва гьелдаго цун бугеб Ункъракьалда ислам т1ибит1изаби гуребги, гьел ракьал Аваразул амирзабазул ц1иял  наслабазе мут1иг1 гьаризеги[30].
     «Тарих Дагъистан» ва «Хузахъ наме» хъвай-хъваг1аяз нуг1лъи гьабулеб буго Хунзахъ т1алъиялъул халкъалда ислам босизабунин к1иго нухалъ. Бусурзабаздаса къун Тушалъ (Ункъракьалде) лъутун вук1арав Суракъат нуцалил вас Баярир Амирсултанида рак1алда бук1анила жиндир умумузул ханлъиялъул тах т1ад буссинабизе ва гьеб мурадалда Ц1унт1асаги, Г1анди г1орул киналго т1аралъабаздаса ва гъалгъаязул Г1аршти щвезег1ан т1олабго Къиялъаги бак1арараб аскаргун «бец1аб сардилъ» Хунзахъ т1алъиялде вач1анила. «Гьел бах1арзал хъалаялде рорч1ана ва Абу-Муслимица амирлъун тун вук1арав Ах1мадги ч1ван гьесул бет1ер къот1ун хъалаялъул къеда т1ад бана».
     Ч1вана гьенир рук1арал цогидал бусурзабиги ва хунзахъез рагьун исламалдаса инкар гьабуна. Пачалихъияблъун лъазабуна христианияб, гуржиязулгун православилъул асар бугеб дин. Гьеб заманалъ маг1арухъ насраниязул православия щулалъиялъе г1иллалъунги бук1ана XII г1асруялъул ахиралда -  XIII г1асруялъул байбихьуда (Тамарал заман) Гуржиязул ханабазул къуват ц1ик1ин ва гьезул сиясатги динги муг1рузулаб Дагъистаналда т1ибит1и. Христианияб дин т1ибит1игун цадахъ маг1арухъ рана гьат1аналги. Гьезул хут1елал жеги руго Дагъистаналда. Ункъракьалъул Силди буго гьединаб «Гьат1анлъи гох1» абулеб, биценалда рекъон цебе гьат1ан бук1араб бак1. Буго гьединаб бак1 Гьакъоги. Гьез гьелда «Гьат1ан рохь» абула. Цебе заманалъ масжид бук1ун бугин бицен буго Къеди Кавуда т1ад рукъзазда гьоркьоб бугеб майданлъиялдаги. Христианазул заманалъ гьениб гьат1ан бук1ун батизеги рес буго[33]. Гьединго гьеб мухъалъул цоги бак1аздаги ратана ганч1ил гьарурал хъанчал ва нек1сияб гуржи ва маг1арул мац1алъул алфавит т1ад хъварал къанал[31].
      Дунялалъул ракьалъул каратаялда т1ад Ункъракь бугеб бак1алда балагьун, шаклъи гьеч1ого бихьулеб буго гьеб бук1араблъи бищунго къуваталда Гуржиялъул сиясат жинди т1ад т1ибит1изе рес бугел ракьазул цояблъун[32].
      Гьединго «Тарих Дагъистаналда» бицунеб буго 1318-1319 соназде хунзахъелги гьезул нуцабиги бусурманал рук1анин. Гьез ислам босун буго Амирсултаница амир Ах1мад ч1ван хадуб 24 соналдаса. Гьелдаса хадуб аваразул нуцабаз «диналъе г1оло» абураб байрахъалда гъоркь гьужумал гьаруна жеги хъанчие лагълъи гьабун ругел цогидал маг1арулазул ва г1андал-ц1унт1асезул ракьазде. Ислам босизаби гуребги, гьел гьужумазул мурад бук1ана, жалго жидедаго ч1еялъе г1оло бах1арчилъиялда къеркьолел гьел халкъазда т1ад Хунзахъалъул ханлъи т1ибит1изаби[34].
     Жеги гьениб бицун буго, байбихьуда гъазизабазул квершаликь цох1о Хунзахъ гурони бук1инч1ин ва заманалдаса гьез гьеб сверизабунин Жанисеб ва Бакът1ерхьул Дагъистаналде гъазаватал гьари мурадалда рагъулал къуватал рак1арулеб идараялде.
     «Гьединаб х1алалда, цоял – рагъалдалъун, цогидал – лъик1аб бербалагьиялдалъун, бусурзабаз жидее мут1иг1 гьаруна киналго маг1арулал, ва гьезул ракьалъул киналго бут1абаздаги щулалъана. Гьел бусурзабазул г1адат бук1ана жидее мук1урлъараб яги бахъараб росулъ ва шагьаралда жидерго амир яги вали толеб, ва бак1алъулал г1адамазул къадаралдасаги ц1ц1ик1ун жидер г1адамал гьенир решт1изарулеб. Гьелъ к1удияб асар гьабуна Авариялъул культураялъулаб багъа-бачариялъе. Г1арабиязул гьел гьужумазул бищунго ц1ц1ик1араб х1асил бук1ана, гьез квершел гьабурал ракьазул халкъаз динлъун ислам боси. Гьединго гьел гьужумазул х1асилалда цо-цо г1адамал жидерго ракьги рехун тун ислам босизе бокьич1ого нахъеги гочана ва ц1иял бак1азда росабиги ран гьенир решт1ана[35].
     Гуржиялъ, Алазан г1орул жаниблъиялда буго Гъоркь ва Т1ад-Къеди абун ц1ар бугел нилъер заманалъул к1иго росу. Гьел росабазул ц1ик1арасеб халкъ буго цебе Тушетиялъ г1умру гьабун бук1араб ва XIX г1асруялъ гьениса гочараб[36]. Жал Дагъистаналдасаги Чачаналъаги гочун рач1арал г1адамазул лъугьарал ругин тущаца абулеб бук1инги х1исабалда босун[37], абизе бегьула, гьанир цере рехсараб к1иябго росдал г1адамал ругин, ислам босизе бокьич1ого кидаялиго Ункъракьалдаса гочун Гуржиялъ рещт1ун рук1арал г1адамазул наслаби[38]. Гьеб пикру рит1ухъ гьабулел чанго биценги буго Ункъракьалъул росабалъ[39].
     Гьединаб х1алалда жидер амирлъи Ункъракьалда т1ад т1ибит1изабиялъе Аваразул ханзабазул бук1ун батула чанго г1илла:
     - т1оцебесеб. Гьелъул х1асилалда Ункъракь гьел нуцабазе лъугьана цогидал сверухъ ругел ракьаздеги жидер сиясатги ханлъиги т1ибит1изабулеб бак1лъун;
     - к1иабилеб. Ункъракьалдаги цоги сверухъ ругел ракьаздаги квершел гьабигун цадахъ гьезул квершаликь ккана ц1акъго жиндир к1вар ц1ик1араб ва санаг1атаб, Гуржиялъегун Аланиялде ва Ч1ег1ераб Ралъдахъе Жанисеб Дагъистаналдаса ва Каспий ралъдал раг1аллъабаздаса даранчаг1и хьвадулеб нух;
     - лъабабилеб. Гьединго гьезие рес лъугьана Ункъракьалъул муг1рузда бугеб т1ухьигун-г1арац бахъулеб бак1 х1алт1изабизе ва гьелдаса хайир босизе[41].
     РЕКЪАВ ТИМУРИЛ ЗАМАНАЛДАСА ХАДУБ АВАРАЗАЗУЛ ХАНЛЪИ ВА УНКЪРАКЬ
     «Дагъистаналда т1ад тарал амирзабазе гьес (Тимурица) кьуна джизягун харадж ва магъало, гьезул щивас гъазаватал гьаризе г1ураб къадаралда. Хундерил амирасе гьес кьуна Гьидерил г1оралдаги (Авар г1ор) Г1андимег1ералдаги гьоркьоб бугеб халкъ, Щоботисезда нахъ ругел Т1ех1-къиялал, Ункъракь ва Гъалгъаялъе щвезег1ан бугеб цогидаб муг1рузул халкъги. Гъази-Гъумекисезул амирасе гьес кьуна Гьидерил г1оралдаги Самур г1оралдаги гьоркьоб бугеб халкъ»[42].
     АВАРАЗУЛ НУЦАЛ Г1АНДУНИК1ИЛ ВАСИЯТ [43].
     «Аваразул ракьалъул амир, къадруялулги къуваталъулги бет1ергьан, бергьенлъабиги гучги кодосев султан Ибрагьимил вас Г1андуник1ица жиндир вацасул вас, Аваразул ракьалъул хан Булач-нуцалие гьабураб васият. Аллагьас т1овит1е абе гьев бит1араб нухде.
     - Я дир вацасул вас, росе дуца Аваристаналъул к1улал дурго кодоре! Т1оцересел к1улал ккола Г1алихъиличилал, К1иабилел – Жунгутаялъул амирзаби, лъабабилел – Гумбеталъул амирзаби, ункъабилел – Г1андиса амирзаби, щуабилел – К1к1арат1иса, анлъабилел – Бакълъулал, анкьабилел - Хучадисел ва Анкьракь. Гьел к1улал дуца кодоре росани, ц1анги, пахьги, маххги, ц1ибилги, ччуг1аги ва цоги чиясул г1умруялъе къвариг1унеб щинаб жоги дур кодоб, дур квершаликь бук1ине буго. Гьедин гьабич1они гьеб кинабго жо духъаги дур халкъалъухъаги лъутун ине буго. 
Гьединго к1вар буссинабе дурго умумузул квершаликь рук1арал ракьазде ва гьел ракьазул г1орхъабазде, ва ккве гьел гьез ккун рук1арал г1адин щулаго. Т1оцебесеб г1орхъи буго бакът1ерхьул рахъалда. Гьеб ккола Миясугьат1ан[44], к1иабилеб – бакъ баккул рахъалдаса, Гьоц1алъ росу бакьулъа, лъабабилеб – къилбаялъул рахъалда, Хучадиса байбихьараб Гьолокьисезул кьоде щвезег1ан. Ункъабилеб – хьонлъул рахъалда, Салатав муг1руздаса байбихьараб Таргъуялде щвезег1ан… Дир вацасул вас, гьел г1орхъаби рахине ва г1ат1ид гьаризе къеркье, амма дурго ракьалъул цо рокьоб ч1валеб бак1цин цогидазухъ беччаге, дурго бах1арчиял умумул г1адинав амир мун ватани»[45].
     Тарихчи Х-М. Хашаевас хъвалеб буго XV-XVI г1асрабаз Авариялда рук1анин ханзабиги, нуцабиги ва цогидал квершелкодоселги, жидер бет1ергьанлъиялда гъоркь к1уди-к1удиял бут1аби муг1рузул ракьал ругел ва гьел ракьазда т1ад боц1ухъанлъиялдаса жидеца хайирги босулел. Жеги гьезул рук1анин рекьулел ракьалги ва гьеб ракь х1алт1изабизе ккурал, цере лагъзаллъун рук1арал, хадуб жиде-жидее ракьул бут1аги кьун тархъан гьарурал х1алт1ухъабиги[46].
     Хашаевас жеги хъвалеб буго маг1арулазул бат1и-бат1иял мухъазда ва гьединго Къеди рук1арал нуцабазул х1акъалъулъ. Бищунго лъик1алги к1удиялги ракьал рук1анила гьезухъ. Шамилил заманалда цебеккун гьел росабазул г1адамаз магъало кьолеб бук1анин ва лъабго къоялъ х1алт1изеги рахъулел рук1анин гьел нуцабазе[48].
     «Сасикь, Къеди, Силди, Гьакъо, Митрада, Хъваршини, Цихалахъ росаби ругел ракьал рук1ана Къедиса нуцаби бет1ергьанал. Гьел росабазул г1адамалги Авариялдаса рач1ун гьенир решт1арал рук1ана, гьединлъидал гьеб ракьалдаса пайда босаралъухъ гьез магъало кьолаан Къедиса нуцабазе»[51].
     Укъракьалда ругел биценазда ва архивазда ругел цо-цо хъвай-хъваг1азда балагьунги бихьулеб буго гьел росабазул г1адамал Авариялдаса рач1ун гьенир решт1арал  рук1ин ва жидехъ ругел ракьаздаса пайда босаралъухъ Къедиса нуцабазе гьез магъало кьолеб бук1араблъиги. «…Къеди, Гьакъо, Силди ва Сасикь росабаз, маг1арда унеб щибаб 20 чахъуялдаса ц1ик1араб г1иялъухъ цо-цо хух. Т1асияб ва Гъоркьияб Хъварщинисаги Цихалахъаги – 30 чахъу. Хушет росдахъа – цо оц, митрадисезухъа - 30 къали т1ощалил»[52].
     Хашаевас жиндир т1ехьалда хъван буго гьадин: «Жиндир г1умруялул 70 сон бугев Г1усманов Г1абасица 1953 соналъул август моц1алъ нижеда бицана, Къеди росу бакьулъ гьабсаг1аталъги хут1ун ругин жидеда «алдамилалин» абулел Къедиса ахирисел нуцабазул минабазул ч1ваднал. Бугеб биценалда рекъон Алдам вук1ана Авар нуцабазул анкьабилеб наслуялъул чи. Гьебго районалдаса херав Хъарагишицаги бицана жиндир церегосел умумул Къедиса нуцабазул наслуялъул г1адамал рук1анин. XIX г1асруялъул 40 абилел соназ гьел нуцабазул г1адамал Шамилил муридзабаз жидерго рукъзазда жанир рух1ана, цоги росабазул г1адамаз хьихьизе рачарал чанго гьит1инаб лъимер хут1изег1ан»[53].
     Къеди нуцаби рук1араблъи бихьизабулеб х1ужа буго г1урусазул Клюки Фон Клугенау абулев инаралас «Дагъистаналъул цо-цо халкъазул х1акъалъулъ» абун жинда ц1ар тараб, 1839 соналъ гьарурал хъвай-хъваг1аязда жанибги. Гьениб гьес бицунеб буго 1837 соналъ Тушазул лъабго росу талавур гьабунин Ункъракьалъул амирзаби Амирх1амзал ва Малачил бет1ерлъиялда гъоркь[54]. Гьел амирзабаз Тушазул гьел росабазухъа магъало босулеб бук1ана. «Къеди, Сасикь ва Силди росаби гьез жидер буголъилъун рик1к1ула, гьел росаби т1ад ругеб ракь жал бет1ергьанаб бук1иналъ, гьединлъидал гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез лъаг1алие цо-цо чахъуги, цо-цо сах1 т1ощалилги, лъаб-лъаб къо х1алт1улги босула»[55].
     КЪЕДИСА НУЦАБИ ВА ЧАЧАНЛЪИ
     Гуржиязул тарихчаг1аз гьарурал ц1ех-рехазда балагьун бихьулеб буго, нилъер г1асрабазда цебесеб заманалъ дагъистаниязул ва чачан мац1 бугел миллатазул г1орхъи Терек г1ор бук1араблъи, жиндир бакъбаккул рахъалда Каспий ралъдахъе щвезег1ан «лек1и» (маг1арулал), бакът1ерхьул рахъалда – чачаназулги ингушазулги цересел умумул рук1араб (адыгазул умумул гьеб заманалъ г1умру гьабун рук1ана Ч1ег1ераб ралъдал раг1алда ва Кубан г1орул жаниблъиялда). Христиан тарихалда цебесеб заманалъул III г1асруялъ Саурмаг абулев Гуржиялъул ханасул кумекалдалъун чачаназул цересел умумул – «дурдзуказ» Терек г1оралъул бакъбаккул рахъалде рач1ине ва решт1ине байбихьана ва гьелъул х1асилалда цоцазе г1агараб к1иябго халкъ – Дагъистаналъул ва чачаназул – бат1а гьабулеб г1орхъилъун, археологазул ва этнографазул бихьизабиялда рекъон, гьоркьохъел г1асрабазда лъугьана Аргун г1ор.
Гьеб ва гьелда цебесеб заманалъ авразул амирзабаз (нуцабаз ва имамаз) ц1акъ х1ал къалеб бук1ана гьеб ракьалда т1ад, хасго Аргун г1оралъул т1аралъабазда – къияллъиялда т1ад жидер квершел ва сиясат т1ибит1изабизе, гьенир жидер щулалъаби г1уц1ц1изе (хъулби разе).
     Гьеб гьедин бук1араблъиялъе гвангъараб мисаллъун буго Алдамилазулги Ч1арбилалъулги х1акъалъулъ тарихалда бугеб хабар. XVII г1асруялъул к1иабилеб бащалъуда гьез гьеб ракьалда рала хъулби ва гьоркьоблъи г1уц1ц1ула гьенир аск1ор мадугьалихъ ругел Дагъистаналъул цогидал нуцабазулгун. Гьезул цоял рук1ана Гумбеталда рук1арал Т1урурал [56].
     Тарихчи ва мац1азул г1алимчи Т. М. Айтберов, гьеб заманалъул хъвай-хъваг1аязда т1ад гьабураб ц1ех-рехалъул кьуч1ч1алда вач1ун вуго гьел Т1урурал аваразул ханзабазул г1аркьел бук1анин абураб пикруялде, XVI г1асруялъул ахиралда - XVII - байбихьуда, Гумбеталъул ракьалда т1ад жалго жидедаго ч1арал амирзабилъун лъугьарал. Гьелдаса хадуб XVII г1асруялъул ахиралда гьезул квершаликь ккана Аргуналъул гьоркьохъеб ва гъоркьияб рахъги (т1асияб рахъ Алдамилазухъ бук1ана. – И. Гъ.) Гьелдалъун гьеб ракьалда т1ад лъугьана маг1арулалги чачаналги гьоркьор рачараб феодалияб федерация, живго Айтберовасул пикруялда рекъон – жибго жиндаго ч1араб ханлъи ва пачалихъ[57].
     Чачанал авар-нуцаласул раятал рук1анин бицун буго, 1755 соналъул 3 июлалъ Астраханалъул губернато Жилинихъе Фрауендорфица хъвараб кагъаталдаги. Гьелдаса лъабго соналъ цебе, г1урусаз Гъизляралда тун вук1арав комендантас хъвалеб буго «шабурлиялъулаз ва чубарлиялъулаз (Шатой ва Ч1арбил) цебезаманалдасаго нахъе аваразул нуцаласе щибаб лъаг1алие кьола боц1и ва цогидаб магъало». Гьединго, аваразул нуцаласул квершел т1ад бугеб Ч1арбилалъул 15 росулъ х1акимзабилъун рук1ана «ч1анк1аби», амма шоботисезул (Шатой) 12 росдада т1ад гьел рук1инч1о, «гьезие х1акимлъиги г1адлуги гьабула гьезулго къадияс». Нилъеца гьаниб хал гьабулеб заманалъ, Макажоялда ва Ч1арбилалда квершел гьабизелъун къеркьолел рук1ана аваразул нуцабазул цо-цо наслаби, гьездаса рук1ана Алдамилалги, гьел ракьазда жидеца къуватал хъулби ран тарал. XVII г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялъул байбихьуда Ч1арбилалда т1ад квершел бук1арал Алдамилазги, Гумбеталда рук1арал Т1уруразги жидедаго гьоркьоб къот1и гьабун буго цоцазе рагъулаб кумек гьабизе. Гьеб къот1иялъул нуг1заллъун рихьизарун руго мажгиталъул имамги, росабазул ч1ух1биги. 1649 соналъ г1урусазул рагъул х1акимазухъе гьезул жасусаз бач1ун буго хабар, «муг1рузда бугин цо хассаб ракь, Ч1арбилин жинда абулеб, жинда жаниб 40 росуги бугеб. Гьеб ракьалда квершел гьабун ругин «Алдамил лъимал»[59].
     АЛДАМИЛАЗУЛГИ Т1УРУРАЗУЛГИ РАГЪУЛАБ ЦОЛЪИЯЛЪУЛ КЪОТ1И
     (Г1ага-шагар XVII г1асруялул к1иабилеб бащалъиялъул байбихьи)[60].
«Жив гурх1улев Аллагьасул ц1аралдалъун байбихьула!. Алдамил васаз Т1урарасул васазе раг1и кьола, гьездаги Мелъелт1а росдал цогидал г1адамаздаги гьоркьоб рагъ ккани, Т1урарасул васазе Алдамил васал х1алае рахъине. Гьединго Т1урарасул васаз жидер тушманасул рекъел гьабуни, Т1урарасул васалго г1адин Алдамил васалги гьев тушмангун ракълида рук1ине руго.
     Гьаб къот1иялъе нуг1зал: росдал дибир Алп, Байсангъур ва (Ч1арбилалъул) цогидал ч1ух1би. Жидеца кьураб раг1и нагагь хвани гъоркьлъалие рук1ине Т1урарасул васаз Алдамил васазе кьуна к1иго хъала»[61]. (Гьел хъулбузул ч1ваднал жакъаги руго. Гьезда ц1арги буго «Алдам-гъези». – И. Гъ.)
     …Амма жеги лъазе к1веч1еб г1иллаялдалъун XVII г1асруялъул ахиралде щвелалде Ч1арбилалъул тарихалда жаниса Алдамилазул ц1ар т1аг1ула[62].
     КЪИЯЛАЗУЛ НАИБ АЛДАМИХЪЕ ШАМИЛИЛ КАГЪАТ
     (Г1ага-шагар 1840-1844 сонал)
     «Салам ва божий маршал дуе. Хадуб дуда лъан бук1ине абулеб буго, дица т1езабуна ракьул бут1а гьав чиясе. Гьев вуго Г1умма Дуев - дир кваранаб квер ва цо гьасухъ бугеб къуват бащадаб буго дир аскаралъул бащадаб къуваталда. (Г1умма Дуев 1860 соналъ вук1ана Шарой наиблъиялъул наиблъун ва гьес бет1ерлъи гьабуна г1урусазул х1укуматалда данде 1860-61 соназ Аргун г1оралъул жаниблъиялъул халкъалъ гьабураб дандеч1еялъе. – И. Гъ.) Инсулги эбелалъулги к1иязулго рахъалдаса бищунго жидер къадро ц1ик1арал рац1ц1адал наслабазул чиги ккола гьев. Гьесие т1езабураб ракьалда ц1ар буго «Ганза» ва гьелъул г1орхъиги буго Ч1ант1исезулгун бугеб лъел г1орхъи. Гьедин дица сайгъат гьабулеб буго Г1умма Дуевасе гьеб ракь, гьединлъидал гьес гьелда квершел гьабиялъе квалквал бук1ине кколаро дур наиблъиялда вугев цог1аги чиясул яги Зумсоялъул г1адамазул»[67]
«Чачаназул маг1арухъ ругел халкъазда ва кистиязда гьоркьов гьаб заманалъ, жиндир наслуялъги, бах1арчилъи-бечелъиялъги, эркенлъи хириял маг1арулазул бет1ер Шамилица жиндие кьураб наиблъиялъги ц1ар раг1изабурав ва къадру ц1ик1арав чи ккола Ашахъанил вас Алдам. Г1умру гьабун гьев ч1араб бак1 буго Ч1ант1и мухъалъул Ц1амат1а (Ц1умада) росу»[68].  (Жакъасеб Итум-Хъала росдада аск1об бугеб росу. И. Гъ.).
     Къват1исел г1орхъабазда г1агарда ругел муг1рузулаб Чачаналъул халкъазул рук1а-рахъин бат1и-бат1ияб къадаралда жубараб бук1ана г1умру гьабиялъул къаг1идабиги пачалихъалъулаб сиясатги жидер цебе т1урал Дагъистаналъул ва Гуржиязул халкъазул рук1а-рахъиналда. 
     Лъалеб жо буго XVI г1асруялъ Г1анди г1орул квег1аб рахъалда ругел жамаг1атаз ислам босун хадуб гьездасан Шаро к1к1алахъ г1умру гьабун ругел чачаназги ислам боси ва цогидал чачаназул г1емерал росабазул г1умру Дагъистаналъул халкъазул г1умруялда ц1ик1ун бухьараб бук1араблъиги[63].
     1789 соналъул цо хъвай-хъваг1аялда бицунеб буго аваразул нуцалас рит1арал цо г1адамаз Гьима г1орул жаниблъиялда месед ва г1арацалъул маг1дан бахъулеб бак1 ц1ехеялъул х1акъалъулъ. «Г1езег1анго заманалъ гьарурал ц1ех-рехазул х1асилалда г1арцул маг1дан батана Гьима г1орул жаниблъиялда (Шаро-Аргуналъул т1асияб рахъ).
     1788 соналъул 5 сентябралъ аваразул хан Г1ума-нуцалги Дибир-къадиги рач1ун рук1ана Хьару (Шарой) гьеб маг1дан бахъиялъул х1алт1и г1уц1ц1ун бугеб къаг1идаялъул хал гьабизе. Гьениса гьеб маг1дан баччулаан Хунзахъе ва хассал къебелъабахъ бац1ц1ун, биинабун бахъараб г1арцул къот1елал гьарулаан»[64].
     Аваразул нуцабаз г1езег1анго хайир босулаан цо-цо жидер ракь дагьал чачаназул жамаг1атазухъ боц1и хьихьизе муг1рул ва г1алахал кьеялдалъунги. Цо хъвай-хъваг1аязда жаниб чачаназул Ц1ант1аги г1авухъазул муг1рулги гьел нуцабазул буголъилъун рихьизарун руго. Мисалалъе, Ц1ант1а маг1арда боц1и хьихьизе жал реччаралъухъ щибаб лъаг1алие г1авухъаз нуцабазе кьолеб бук1ун буго 80 бет1ер г1иязул. Гьединго чачаназул Ичкериялъул жамаг1атазги Чермой, Харачо, Тазанхъала, Ц1онт1ери, Белгъатой, Даргъо, Беной ва цогидалги муг1рузда боц1и хьихьаралъухъ ясахъ кьолеб бук1ана гьел нуцабазе.  Цо-цо гьединал, т1оцере аваразул ханзабазул буголъилъун рук1арал муг1рул ва г1алахал, бат1и-бат1ияб заманалъ Авар улкаялъул раг1аллъабазда решт1ине рит1ун рук1арал гьел нуцабазул наслабазухъ ккана ва гьезул буголъилъун лъугьана. Гьединаздаса рук1ана Гьаг1мади, Хьаро (Шарой) ва цогидал жамаг1атаз роол заманалъ жидедаса пайда босулел Гьиндуха, Апарат1а, Апарат1а-нахъа, Игъадахъ, Алдамил иццухъ ва цогидалги муг1рул, Къеди ч1арал Ункъракьалъул нуцаби Алдамилазул бет1ергьанлъиялда жал рук1арал[65].
     КЪИЯЛЪ РУГЕЛ, КЪЕДИ ТОПОНИМИЯЛДА (бак1азул ц1арал) ВА НУЦАБАЗУЛ Ц1АРАЗДА Ц1АРАЛ РЕЛЪАРАЛ БАК1АЛ[69].

     2. Алдама Iу вийнача метта-метта. Алдамица вехь ч1вараб къайи[70].
     3. Къувдие (Кувдие) – Чачаназул Нашахалъул бакът1ерхьул г1орхъода бугеб г1алах. Къувди - аланазул (осетиназул) мац1алда: квана-гьекъезе горсверуда г1одорч1ей, кверкьеялъул горсвери.
     4. Къевдиш чуьра догIу хи (Кевдиш чюра догу хи) - Къевдиса чвахулеб лъин.
     5. Къевдин чоь (Кевдин чё) – «Къевди мег1арда» аск1об жаниблъи.
     6. Къевдин лам[71] (Кевдин лам) – Къевди мег1ер. Пешхъаялъул бакът1ерхьуда бугеб мег1ер.
     7. IумаханангIала (Умаханан гала) - Г1умаханил хъала. Т1ерлой мухъалъул Барх1а росулъ[72].
     8. ХушпаранбIав (Хушпаран бав) - Хучбарил хъала. Т1ерлой мухъалъул Барх1а росулъ[73].
     13. Элан бIав (Элан бав) – нуцабазул си. Итум-Хъала мухъалъул Ник1ара росулъ буго.
     14. Хушпаран гIала (Хушпаран г;ала) – Хучбарил си. Ник1ара росулъ.
     15. Алдамна[76] Шемила совг;атана белла лам (Алдамна Шемила совгатана белла лам) – Шамиль имамас Алдамие сайгъат гьабураб мег1ер. Итум-Хъала росдада аск1об, Ч1анти-Аргун г1оралда т1ад.
     18. Кеда йистие[77] (Кеда йистие) – гъадароялъул раг1алда. Къеристиялдаса бакът1ерхьул рахъалда. Гьеб бак1алъул сурат буго гъадароялда релъараб. (Къеди росу бугеб бак1ги к1удияб гъадароялда релъараб буго). 
     51. Бураша[79] цана (Бураша цана) – Бурашил реци.
     25. Алдаман гIаланаш (Алдаман галанаш) – Алдамил си. Ц1амада росулъ. Алдам – Шамилил наиб.
     26. ГIамболатан[80] гIала (Гамболатан гала) – Гъанбулатил си. Ц1ера-гут1 росулъ.
     40. Алдаман хьайра (Алдаман хайра) – Алдамил гьобо.
     56. Олдамхие чуо[88] (Олдамхие чуо) – Алдамил иц.
     64. Алдам-ГIезин ков (Алдам-Гезик ков) – Алдамил вас Гъазил каву (хъала). Мак1ажо росдада аск1об.

     КЪЕДИСА НУЦАБИ ВА УНКЪРАКЬАЛЪУЛ ХАЛКЪ ШАМИЛИЛ ЗАМАНАЛЪ
     ЛЪАБГО БИЦЕН

     Т1ОЦЕБЕСЕБ:
     СИЛДИСЕЗУЛ БИЦЕН[92]
     Г1адлу гьеч1ого, г1адлу гьабизе хан гьеч1ого, бергьарас къурасухъа жиндие бокьараб жо бахъулеб заман бук1ун буго. Гьеб заманалъ г1адамазда гьоркьор цо-цоял бат1аго ц1акъ бечелъун ханлъи гьабизе лъугьунел рук1ун руго. Гьез ракьал колел рук1ун руго, ракьазда т1ад магъалоги лъун гьеб бахъулеб бук1ун буго. Г1адамал рук1ун руго жидеего ч1орого х1алт1изарулел. Гьедин гьабун бечелъараб мехалъ, гьединал чаг1и унел рук1ун руго Москваялде парччах1асде т1аде, жидеего гъулухъ т1алаб гьабизе. Гьедин цинги Дагъистаналда ханзабилъунги рахъун халкъ язихъ гьабулеб бук1ун буго гьез. Гьел бечедал чаг1аз мискинзабазе гьабулеб зулмуги бук1ун вахъула Шамил, жинца гьеб халкъ эркен гьабизе къасдалда.
     Ханзаби абун, мискинчаг1азухъа магъало бахъулел рук1арал гьел чаг1и, цоял ч1ван, цогидал туснахъ гьарун, жиндир квер щвараб бак1алдаса г1ебеде лъуг1изаруна шарг1ияв имамас. Жиде-жидер ихтияралда мискинзабиги ккезаруна гьес. Амма гьанир муг1рузда къараб халкъалда гьоркьор хут1ун рук1ана чаг1и, Ункъракьалдаго магъалоги лъун, жал ханзабигун нуцалзабазул чаг1и ругинги абун. Къеди ч1арав анц1ила лъабго нуцалчи вук1ана, гьез бахъулеб бук1ана Ункъракьалдаса магъало[1].
Ункъракьал абулел чаг1и ккола Ц1умада г1орухъа т1адехун ч1араб халкъ. Цо к1к1ал буго Къеди-Сасикьезул, к1иабилеб буго Хъваршиб к1к1ал, лъабабилеб буго ьСилдиб-Гьакъоб, ункъабилеб буго Хъваршини-митаразул Хушетибе щвезег1ан к1к1ал.
     Гьебщинаб халкъалдаса щибаб соналъ бахъулеб бук1араб магъалоги: гьит1инаб росдадаса – лъеберго х1оржо, к1удияб росдадаса – к1икъого х1оржо. Цинги Шамил имамлъун лъугьун хадубги гьединго х1оржал рахъизе абун вач1арав гьел нуалчаг1азул лъабгояв. Сильдиса Денгамух1амадица, гьесулго гьалмагъ Сагитмух1амадица, гьезулго гьалмагъ Асх1абил Гунаш абулев чиясги Къедиса рач1арал нуцаби нахъ ч1вала: нужее гьанжелъизег1ан магъало гьемераб кьунилан, гьанже нижеца нужее т1ок1аб магъало кьезе гьеч1ила, нижги гьанже Шамил имамасда кодор ругила. Гьел нуцабаз абун буго: гурила, жидеда Шамил лъаларила, гьаб нужерги – силдал – нуж гурезулги ракь гьанжелъизег1ан, цебеккун бук1араб г1адин ниж маликаб бугила гьанжеги. Силдиса Денгамух1амадица абун буго, нужеца бахъедила гьеб к1икъого х1оржо нижехъа, нижеца кьералила.
     Цинги гъол ханзабигун нуцабазул зулму цебеккунги х1ехьон ругьнаб нахъияб росдал жамаг1аталъ абун буго Денгамух1амадидаги гьесул гьалмагъзабаздаги, гьев Шамил-имамасул низамги, гьесул г1адлуги нилъеда т1аде, Ункъракьалде г1унт1ун гьеч1ила. Кинниги нижеца гьабураб маслих1аталда ч1айила нужги гьал къедиселги. Пуланав Г1исал Муртазаг1али абулев чиясул бугила т1ад месед бекьун къач1араб истамбул-хъирим. Нижеца гьезие гьеб кьелила гьеб магъалоялда цебеса. Гьеб хъиримги босун гьел нуцабиги ч1адила, нужги ч1адила.
     Цинги Силдиса Денгамух1амадица абун буго росуцоязда гьеб хъирим кьедила нужеца гьезие. Гьебги босун гьаб Силдиб росулъа къват1ире гьел чаг1иги унарилаха. Гьанже гьагъаб инстамбул-хъиримги босун ине къват1ир рахъарал гьел нуцаби. Росдал раг1алде гьел щвараб мехалъ хадурги рач1ун Денгамух1амадицаги, Сагитмух1амадицаги кьурун гьезухъаги бахъун гьеб хъирим ганч1илъ кьабун гъуризе хъундагъги гьабун эхебе рехун буго.
     Нуцабазе гьабураб гьеб кьварараб жавабалъул хабар раг1арав Шамилица гьев лъабавго силдисав жиндаго т1аде Г1ашилт1а ах1ун руго. Ц1акъ адаб-х1урматги гьабун Денгамух1амад жиндир байрахъчилъун хъван вуго, Сагитмух1амад Ункъракьалъул наиблъун тун вуго, Асх1абил Гунаш Силдиб росдал нусил бет1ерлъун тун вуго.
Цинги Шамил-имамас гьадал Къеди рук1арал нуцабийилан абулел чаг1и ч1ван руго. Гьеб ишалъе жиндирго муридзабиги Силдиса Денгамух1амадги, Гъадариса Х1авалавги[2] рихьизарун, гьелги т1ад рит1ун руго имамас. Гьел нуцаби дора Къедирго гъурун руго.   
     [1] Гьел ккола нек1сияб заманалдаго (XIII-б г1асру?) Хунзахъа жал Къедире гочун лъугьараб маг1арул нуцабазул тухумалъул г1аркьел. Ахирисел г1асрабазда гьел лъалел руго Алдамил тухум х1исабалда. Гьабсаг1аталъги Къеди хут1ун руго Алдамил тухумалъул чаг1и.
     [2] Шамил-имамасул г1ашт1ичи.
     К1ИАБИЛЕБ:

     САСИКЬАЗУЛ БИЦЕН[94]

     Шамилил заманалъ, гьел нуцабазул кIудияв Сурхайица жиндиего ужраги босун ЦIумадисезул гIи биччан букIун буго нижер ХIорихъ абулеб бакIалда. Гьеб бокьичIел сасикьезул цо гIолохъабаз инеги ун гьел нахъе къотIун руго. Гьебго къоялъ Къедиса ункъго вац - Алдам, Арсланбег, Сурхай, цогидав дида ракIалда гьечIо, Шамилица жинда тIаде ахIун ун рукIун руго. Гьесухъ гIарз щун букIун буго гьезул ишазул бицараб. Шамилица гьездаса тIалаб гьабун буго жиндие мутIигIлъи. ЦохIо, хадув нижехъ гочарав Арсланбегица гурони гьеб къабул гьабун гьечIо. Гьениса тIад вуссун вачIунев Сурхайида лъан  буго ЦIумадисезул гIи нижер гIадамаз ХIорихъа нахъе къотIиялъул хабар ва гьев вачIинахъего, какдаса рахъун масжидалда цере ракIарун рукIарал гIадамазда тIаде ун вуго. Чодасацин рештинчIого гьес гьикъун буго: «ГIи лъица нахъе къотIараб?!» - ан. Гьесие жаваб кьезе цоги чиги вахъинчIого, гьени ун рукIаралги нахъе къан сас тун чIедал, цо ганчIида гIодовги чIун жиндирго хьвацIихьитал хурхула вукIарав Тула-ГIисаца абун буго: «Дица къотIана!» - ян. Сурхайица кодоб букIараб цIал гьесда бетIералдаса гъоркье щвезабун буго. Тула-ГIисацаги хурхула букIараб хьит Сурхайил гьурмада бахинабун буго. «Цо регIидал дица чIела дур горбода мал!» - анги абун гьениса арав Сурхай, муридзаби Къеди рачIунел рукIинги лъан Къиялъ лъутун вуго. КIудияб, цIакъ щулияб си букIун буго гьел нуцабазул чагIазул Къеди Кавуда бараб. Гьеб гохIдаса гъоркье лъарахъе щвезегIан унеб нухцин сверун къедалъ бацараб, тIасан тIекъараб букIанинги буго бицен.  Ункъго къо бан буго муридзабаз гьеб бахъине кIоларого. Рагъалдалъун гьенир жанир ругел чагIи жидехъ щолареблъи бичIарал гьез сардилъ гIараздасаги босун пурчIина-ролъалъул гул бакIарун буго си сверун ва гьелда цIа гъун буго. Гьедин гьенир рукIаралги рухIун, жидехъ кквезе щваралги чIван, муридзаби тIад руссун Къиялъе уна. Сурхай жинда лъалев чи вуго абун гьез жалгун цадахъ гьениве Тула-ГIисаги вачуна. Жиндирги гьесулги гIагарлъиги бугин, цоги чи вачеян чIун вукIарав гьев гьез мукIур гьавун вуго жалгун вачIине. Къиялъ цо росдал масжидалда жанив ватула муридзабазда Сурхай. Тула-ГIисал кумекалдалъун гьез гьев ккола ва вухьа-къан гIодов тIамула. Гьениб Сурхайил горбода хIетIеги лъун Тула-ГIисаца гьикъула: «Лъица, Сурхай, горбода мал чIолеб букIун бугеб?!» - ан.
     ЛЪАБАБИЛЕБ:

     КЪЕДИСЕЗУЛ БИЦЕН[95].

     Шамил имамасул заманалъ, Къедиса нуцабазулги малалазулги тунка-гIуси ккун букIун буго. Гьебги букIун буго нуцабаз багъарараб, малалал хIалтIизе рахъулел гьечIин, кьезе кколеб магъало кьолеб гьечIин абун. Гьелъие хIукму къотIизе гьел кIиялго ун руго имамас бакIалда тарав наибасухъе. Гьезул щибаб рахъалдаса 22-22 чи вукIанинги буго бицен. Нуцаби рукIун руго месед-гIарацалъ къачIарал чуялгун, ярагъ-матахIгун, малалазул гьеб букIун гьечIо, амма гьел рукIун руго рорхатал, лага-черх рекъарал, нуцаби – гIемерисел къокъал, чахьал рицатал. Наибас, малалазда кверги битIун, нуцабазул чагIазда гьикъун буго: «Гьадал гIолохъабазухъа жо бахъизе нужеда кIвезе бугищ?» - абун. Гьелъие жаваб нуцабазги кьун гьечIо, гьеб къоялдаса нахъе гьезие магъало малалазги кьун гьечIо
     КЪЕДИСА НУЦАБИ Т1АГ1ИЗАРИ
     «Цинги, шариг1аталъул заманалъ ч1вана бищун лъик1ал къедисел. Гьел рук1ана ракълилал г1адамал. Гьезул руччаби къороллъана, г1иссинал лъимал нахъе хут1ана». Ункъракь-ч1амалазул наиб Дибир Аль-Авари (Инквачил Дибир. Шамилил рук1арал наибазул бищун лъик1аздаса цояв). 30 рабиг1ул авалалъул ахир, шамат къо, 1289 сон[96].
     «Гьелдаса хадуб баккана имамат ва гьединго Гъазимух1амад, Х1амзат ва Шамил. Гьез абулеб бук1ана жал шариг1аталъул имамзаби ругин ва байбихьана г1адамал шариг1аталде ах1изе. Гьез капураллъун рик1к1изе байбихьана жидер ах1иялъе жаваб гьабич1ел бусурзаби ва капурзабазде г1адин рагъ гьабуна гьезда данде. Гьел г1адамазул биги маг1ишат-малги х1алал гьаруна жидее…
     …Гьеб мехалъ гьезде данде вахъана къади Аййуб[]. Гьес гьел рик1к1ана мекъи ккарал г1адамаллъун ва гьересилъун гьабуна гьез бицунеб жо. Гьес ц1акъго т1ад ч1ун какана бусурзабазул биги маг1ишатги гьез жидее х1алал гьаби».
     Ахирал соназ Дагъистаналъул г1алимзабаз жидер к1вар бугел чанги рагьиял гьаруна, Авариялъул тарихалда жал рухьарал. Бищунго хасаб бак1 гьел рагьиязда жаниб ккола, Бакът1ерхьул Дагъистианалъул халкъазда гьоркьоб Ункъракьалъул ва гьелъул амирзабазул бук1араб к1варалъул жидеда жаниб бицарал нек1сиял хъвай-хъваг1аяз. Гьаниб хадуб кьолеб нек1сияб къот1и-къаялъул кагътида жаниб бахчун бугин ккола гьеб масъала баян гьабулеб ва Къедиса амирзаби т1аг1изариялъе бук1араб г1иллаялъул х1акъикъат рагьулеб балъгояб к1ул.

     ТIИНДИСЕЗУЛ ВА КIКIАРАЛАЗУЛ КЪОТIИ[97]
     (ГIага-шагар 1700 - 1740 сонал).
     (Тарихчи Т. Айтберовасда батараб ва гьес гIарабалдаса гIурусалде буссизабураб).
     Гьаб буго хадусел заманазе бугеб бичIчIизаби.
     ТIиндисезул ва кIкIаралазул боязул гьитIинасги кIудиясги къотIи гьабуна рохелалъеги къварилъиялъеги кидаго цо бо гIадин цадахъ рукIине ва ратIалъунгутIизе гьоркьоб чIвай-хъвей кканиги, питна-рагъ сабаблъуниги.
Гьезда гьоркьоб бугони налъи, жиндие гьоболас нугIлъи гьабураб яги живго налъулав мукIураб, гьелда ишкил[98] гьабизе гьечIо. Налъи бахъизе буго росдал гIадаталда рекъон гIелги витIун. Лъица бугониги ишкил гьабуни, гьесухъа кIиго чахъдал багьаяб куй гIакIаялъе бахъизе буго.
     Жеги гьез къотIи гьабуна, Къеди ва Сасикь ругел амирзабазул рижи гьоркьоб къотIани, Сасикь бакI тIиндисезул боялъе букIине. Къедиги, Гьакъоги, Силдиги кIкIаралазе букIине, гьел амирзабазул рижи гьоркьоб къотIани.
Гьел боязул цояб жиндиего бокьун цогидалдаса батIалъани, гьеб тIоцебе батIалъараб боялда тIад 70 гIака гIакIа лъезе ва гьеб кьезе цогидаб, жиб батIалъичIеб боялъе.
     Гьаб къотIиялъе нугIзал:
     КIкIаратIисезул къади – ТIитIалав[99].
     Гьал рагIаби жинца хъварав тIиндисезул къади – ХIажимухIамадгIали.
     ГIанчихъазул къади – ТIабакIилав.
     ТIиндисел:
     ХIажи Абубакар, ИхакIул вас МухIамад, МухIамад Гъванка, ХIажиясул вас МухIамад, ГIанджулав ва ТIлубул вас МухIамад.
КIкIаратIисел:
Малачи, Кьуру, Юсуп ва ИсмагIилил КъурбанмухIамад.
     ГIанчихъал:
     ХхинтIар, ИсмагIил, Турач, МукIушилав, Хъатулалилав.
     Гьакварисезул къади – ГIарчоса Шамхал.
     Къедиса ГIИСАЛ ГIАЛИ ва цогидалги. (ГIурусалдаса буссинабуна - И. Гъ.)
     Гьаб «къот1и-къаялда» рекъон ункъракьалъулаз т1индисазе кьуна «Эчеда майдан». Гьениб гьез бана Эчеда росу. Гьеб росдал г1адамаз XIX г1асруялъул байбихьуда магъало кьолеб бук1ана нуцаласе[100].
     Ункъракь-ч1амалазул росабалъ буго бицен т1индал къедисезда т1аде к1анц1иялъул х1акъалъулъ[101]. Гьединго жибго Къеди росулъги к1удиял чаг1аздаса жакъаги раг1изе бегьула хабар к1к1аралаз къедисезда т1аде к1анц1изе гьабураб х1албихьиялъул ва гьеб нахъе ч1ваялъул х1акъалъулъ. Къедиса Хъиличил Г1абдухаликъица бицун авторас хъвараб цо биценалда жаниб бихьизабун буго, Къеди вач1изе цевеккун Т1индиса Г1аличула анин К1к1арат1е ва гьездаса т1алаб гьабунин т1индисазулги к1к1аралазулги цебесеб къот1и-къаялда рекъон живгун цадахъ Къеди рач1ин. К1к1аралал байбихьуда т1ирун ч1ун рук1анин, амма Г1аличулас гьезул к1удияв, нусго сонил г1умруялда вугев Маллаги гьесул вас Къурбанги, цогидаб г1агарлъи ва рахъ кколел ч1вараб мехалъ мук1урлъанин. Къеди гьел к1анц1ун руго цинт1асаго, рак1алдаго гьеч1ого. Ц1ик1арасеб къадар къедиса бихьиназул гьеб заманалъ цо к1вар бугеб ишалъе рак1арун масжидалда рук1ун руго[102]. Г1аличуласул чукъбуз масжидги ккун киналго гьелъул рагьаби къан руго ва даруделги сверун бак1арун гьелда ц1а лъун буго. Гьеб ишги ккун буго Кавуда бук1араб хъала бух1изе ва бихизе цебеккун.
     Гьеб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ жалго т1индисез гьадин бицунеб буго:
«К1к1арат1исезул амирзабаз т1индисазе инкар гьабун буго цебесеб къот1и-къаялда рекъон капурзабигун рагъ гьабизе цадахъ къват1и рахъине яги 70 г1ака г1ак1а кьезе. Гьеб сабаблъун вач1ун Г1аличул Мух1амадица гьезул к1удиял, хиянатчаг1и Маллаги Къурбанги гьезул васалги т1аг1изарун руго… К1аралазулгун т1индисезул бук1араб къот1и х1алт1улеб бук1ич1олъи нилъеда бихьула 1844 соналъ Г1аличулас Къедиса нуцаби ч1валелъул гьел гьевгун цадахъ рук1инч1олъилдаса[103].
Гьаб цебе рехсараб нек1сияб къот1и-къаялъул хал гьабулаго рач1ине бегьула гьадинаб х1укму гьабиялде:
     1. Т1индисезги к1к1аралазги гьеб къот1и гьабулеб г1асруялъ, цо кинаб бук1аниги г1иллаялдалъун Къедиги Ункъракьги бук1ана Хундерил ханлъиялдаса эркенаб жибго жиндаго ч1араб ракьлъун. Гьеб эркенлъи сабаблъун ц1ик1ун бук1ана гьезие къват1иса х1инкъи – х1алай рахъизе хунз гьеч1олъиялъ. Гьедин бук1инч1****и шакаб жо буго гьезул мадугьалзабазда гьединаб къот1и-къай гьабизе к1вей, сундасаго нахъе къач1ого чияр буголъи жидедаго гьоркьоб бикьизе х1укму жаниб хъвараб.
     2. Жакъаги мух1канаб жаваб гьеч1еб суал буго: кинаб къаг1идаялъ Къеди-Сасикь рук1арал амирзабазул рижи гьоркьоб къот1изабизе гьеб къот1и гьабурал ургъун рук1арал?
     3. Ва бищунго жиндие жаваб батизе ккараб масъала буго гьеб къот1и-къаялда гьоркьор цо-цо къедиселги г1ахьаллъи.
     1860 соналъул ахиралда г1урусазул х1укуматалъ Ункъракь-Ч1амалзул наиблъун т1амун вук1ана Шамил имамасул вук1арав хазиначи, капитан К1к1арат1аса Х1ажияв. Гьеб ишалда бан суал бач1унеб буго щиб г1илаялдалъундай гьев Х1ажияв наиблъун т1амурав абун? Гьелъие жаваб нилъеда батула Калугаялда Шамил вугеб заманалъ гьесда аск1ов г1урусаз тун вук1арав жасус Руновскиясул хъвай-хъваг1аязда жаниб:
     «Пуланал муг1рузда г1арац бук1иналъул хабар халкъалда гьоркьоб цебегоялдаса т1ибит1араб бук1ана, амма Шамилихъе маг1даналъул кесекги бач1ун гьелда гьоркьоб гьесда г1арац бихьидал ц1ияб къуватгун бицине байбихьана[104]. Т1ухьигун-г1арац гьоркьоб бугеб маг1дан буго Ункъракьалъул цо маг1арда, Шамилица жинда «Хонокь-мег1ерин», Газимух1амадицаги мурид Х1ажиясги «Къеди-мег1ерин» абулеб маг1арда[105].
     Руновскияс вицунев К1к1арат1аса Х1ажияв, жинда гьеб маг1даналъул х1акъалъулъ лъалев вук1иналъ т1амун ватила Ункъракьалда наиблъун. Г1урусазул х1укуматалда рак1алда бук1ун батизе буго гьесул кумекалдалъун гьеб бахъизе байбихьизе[106].
     Гьеб х1ужа рит1ухъ гьабулеб баян тарихалда гьеч1о. Абизе бегьула х1акъикъат бук1ине бегьулин цоги жоялда жанибин. Гьев наиблъун т1амун хадур ккарал лъугьа-бахъиназул х1исаб гьабидалги бихьулеб буго Х1ажияв гьеб хъулухъалде цо г1илла гьеч1ого ккарав гьеч1олъи, гьеб г1иллаги маг1дан гуребги бук1ин[107],[108].
     Гьаниб цебе рехсараб к1к1арат1исезулги т1индисезулги къот1и-къаялъул хал гьабулагоги нилъеда бихьулеб буго К1арат1аги Т1индиги Ункъракьалде кин балагьулел рук1арал ва мух1канаб жо буго гьеб лъач1ого Х1иявги вук1инч1олъи.
     Къедиги Сасикьги г1умру гьабун рук1ана Алдамилалин жидеда абулел нуцабазул наслуялъул г1адамал, Эчедаги Гьиндухаги муг1рузда т1ад жидер бет1ергьанлъи бугел[109]. Гьелъие кьуч1ч1лъун буго 1871 соналъ г1урус пачаясухъе гьел алдамилазул цояс хъвараб г1арза. Гьелда жаниб гьес пачаясда гьарулеб буго Шамилил заманалъ рахъун рук1арал жидер ракьал жидехъ т1ад руссинареян. Гьеб г1арзаялъул кьуч1ч1алда г1урусазул х1укуматалъ гьабураб хъвай-хъваг1аялда жаниб абулеб буго: Къедиса нуцабазул фамилиялда абулин Алдамилалин, гьел рач1араб бак1ги цо биценалда рекъон г1арабазул ракь бугин. Цогиги бицен бугин гьел Гуржистаналъул
Караловал абулел ханзабазул наслуялъул чаг1и кколин.
     Шаклъи гьеч1о гьединал г1арзаби гьел къедисез Шамилил х1укумат бихараб къоялдасаго нахъе хъвалел рук1араблъиялдаги ва наиб К1к1арат1аса Х1ажияс гьезул гьеб гьариялъе квалквалал гьариялдаги. Гьелъие г1иллаги буго киналго гьел ракьазда т1ад гьел соназ гьесулги к1к1арт1исазулги г1и-боц1и хьихьун бук1ин. Щай гьебги гьелда хадуселги гурони г1арзазул ц1ияб х1укуматалъ хал гьабич1еб абураб суалалъе жавабги буго 1971 соналъ Х1ажияв наиб ч1вай. Гьедин гьесул квал-квалалги т1аса ккана, рит1ухълъи бокьарал г1адамазе гьеб ц1ехезе ресги щвана[112].
     Тарихчи бац1адаса М. Х1усейновас жиндир т1ехьалда хъвалеб буго 1844 соналъ Ункъракьалъул росабалъа бак1арараб муридзабазул къукъагун вач1ун Т1индиса  Г1аличулас Къедиса нуцабазул гьин сверун ккунин. Сасикьа к1удиял чаг1аз гьесда бицун буго [113],[114] Г1аличулас гьезухъа ярагъ нахъе кьей т1алаб гьабун бугин. Нуцабазул к1удияв Арсланбег гьелда разилъун вуго, амма гьит1инав Сурхай-хан инкар гьабун ч1ун вуго.  Гьединаб х1алада гьел рук1адго Кавудаса кьвагьараб туманк1алъ Чупалав абун мурид ч1ван вуго[115]. Рагъалдалъун хъала бахъизе к1везе гьеч1олъи бич1ч1арал муридзабаз х1укму гьабула гьеб бух1изе. Г1араздаса баччун гулги сверун бак1арун гьез гьелда ц1а лъола. Хъала ц1унун рук1арал рух1ула, цог1аги чиги кверде вач1унаро. Цо биценалда рекъон, хвасарлъун йиго к1иго яс, гьелги балъго рачун Къедиса нахъе ун руго. Т1аг1изарун руго нуцабазул кинабго г1агарлъиги гьезул рахъ ккурал цогидал къедиселги. Нуцабазул бук1араб бекьулеб-бецулеб ракьги, муг1рулги имаматалъе рахъун руго. Гьелдаса хадув Ункъракьалъул наиблъун тун вуго Сасикьа Хатил Мух1амад. Гьес бет1ерлъи гьабулел рагъухъабазул къукъаялда вук1уна 150 рек1арав ва 320 лъелав рагъухъан. Г1емер кват1ич1ого, гьес бук1ине кколеб къаг1идаялъ муридзабазе бет1ерлъиги гьабулеб гьеч1ин, рагъулъги цеве инч1ого гьоркьов ч1олев вугин абун Сасикьа г1арза бач1уна. Гьелда божарав Шамилил бихьизабиялда рекъон, жиндирго муридзабигун вук1арав Мух1амад Кидеро росдада аск1ов ч1вала[116].
     Абула киналго х1уриятазул кьуч1ги гьел цере рачунеб къуватги бугин жах1да. Шаклъи гьеч1о, бук1араб-бук1инч1еб лъалареб Шамил имамасул амру гуреб, г1адамазул жах1даги дунялалъул боц1иялда хадуб гьезул бугеб х1асратги кканин гьеб такъсир гьабиялъе г1илалъунин. Цо-цо г1адамаз жакъаги бицунеб, къедисел гъазаваталде рахъич1ин, гъоркьанго гьезул г1урусазулгун гьоркьоблъи бук1анин, Шамилил г1адлуялдаги, шариг1аталъул т1алабаздаги гьел данде ч1ч1ун рук1анин абураб хабар жиндие кьуч1 гьеч1еб буго. Цох1о, 1837 соналъ гьел нуцабазул  рукъалъул цояв, жал г1урусазул квершаликь рач1ине бокьун бук1ин загьир гьабун жиндихъе вач1ун вук1анин хъвараб генерал Клюки  фон Клугенаул хабар гуреб цоги щиб бук1анигии жо архивазадаги гьеч1о. Гьелъул г1аксалда тарихалда руго г1емерал х1ужаби Къедиса нуцабаз Шамилил багъа-бачариялъе кумек гьабиялъул бицунел. Гьеч1о цог1аги х1ужа гьезул рахъалдасан хиянат ккеялъул бицунеб. Гьединаб жо гьез гьабун бук1арабани гьелъул лъалк1 хут1илаан. Амма лъалк1 гьеч1о.
     Шамилил х1аракаталъе гьел нуцабаз квербакъи гьабулеб бук1араблъиялъул бицунеб к1иабилеб х1ужалъун буго 1937 соналъ гьезул бет1ерлъиялда гъоркь муридзабазул к1удияб къукъаялъ Тушалъе гьабураб чабхъен. Г1урусазул доб заманалъ бук1араб х1укуматалъул хъвай-хъваг1аязда жаниб бицун буго аза-азар чи г1ахьаллъараб гьеб боялда гьоркьор Шамилие мут1иг1ал муридзабазул къукъабиги рук1анин. Тушетиялда т1ад тун вук1араав гиназ Чолокаевасулгун рук1арал гара-ч1варииязда гьел «лезгиназ» лъазабунила жал гьенире рач1ун ругин имам Шамилил амруялда рекъон[119].
     Гьел соназ Тифлисалда биччалеб бук1араб газеталъул гьурмазда 1846 соналъ хъван буго Тушетияллъул Дикло ва Шенак1о росабазде т1аде к1анц1арал маг1арулаазул цевехъанлъун вук1анин Къедиса Алдам. Гьединго гинарал Клюки фон Клугенауца 1839 соналъ хъвараб «Цо-цо халкъазул х1акъалъулъ» абураб х1алт1иялда жанибги бихьизабун буго 1937 соналъ тушазул лъабго росу маг1арулаз талавур гьабунин Къедиса Амирх1амза ва Малачи гиназазул бет1ерлъиялда гъоркь.
Гьелги гьезда релъарал цогидалги х1ужабаз нилъеда бицунеб буго:
     - Т1оцебесеб, цоцо жах1дачаг1аз бицанихъе Къедиса нуцаби рук1инч1олъи Шамилил ишазде данде ч1арал г1адамаллъун. Гьеб хабар гьез бициналъул, дир х1исабалда, аслияб мурад буго доб заманалъул цо-цо ц1ар раг1арал г1адамазул такъсирал рахчин;
     - К1иабилеб, Шамилица тарал наибзаби – гьел нуцабазул чаг1и чанго соналъ рук1араблъи Бакът1ерхьул Дагъистаналдаги, Къиялъги гьесул сиясат билъанхъизабулел г1адамаллъун;
     - Лъабабилеб, гьел г1адамазде бач1араб балагь бук1ин, цох1о жах1даги дунялалъул боц1и бокьиги гуреб, цоги г1илла жидеца гьабураб ишалъе гьеч1ел бак1алъулал цо-цо наибзабазги гьезул рахъ кколезги ургъараб х1илаялъул х1асил[120].
     Ункъракьалда буго бицен, х1ежалде унаго нухда данлъарал Ункъракьалъул цо г1адамазда Шамилица абун бугин, жив ц1акъ рак1 бух1ун вук1унин жиндир муридзабаз Къеди гьабураб такъсиралда. Гьел г1адамазда гьарейин Аллагьасе г1оло жинда т1аса лъугьайин[121].

     ГЬИГЬАЛЪА ИМАНМУХ1АМАДИЛ ХЪВАЙ-ХЪВАГ1АЯЗДАСА

     «Чанго муридгун цадахъ г1урусазул рахъалде Туплисалде лъутун вук1арав къиялав, Ункъракьалъул ва Къиял мухъалъул наибзабазда т1ад тун вук1арав мудир, Дишниялдаса Арсанакай цо заманалъ г1урусазухъа нахъе лъутунги вач1ун жиндирго гьалмагъзабигун цадахъ Шамилихъе вач1ана. Имамасда гьес рихьизаруна г1урусазул т1адег1анав х1акимас ва гьесул сверухъ-чаг1аз жиндие кьурал сайгъатал. Шамица Арсанакай т1аса лъугьун тамих1 гьабич1ого тана. Гьелъул г1аксалда гьев ургъаликь ккана бук1арабго х1алт1уде киндай къиялав т1амилаян. Гьев лъутун ун хадув гьесул бак1алда Гьоц1алъа Худанатил Мух1амад тун вук1индал.
     Гьев Мух1амад вук1ана хъач1ав зулмучи. Къиялазул ракьалда г1адамазе гьес г1емераб зулму гьабуна, ц1акъго т1асаккун хъач1лъиги бихьизабуна. Гьединабго зулму гьес гьабуна Къедиса амирзабазеги, гьезул балугълъарал щинал бихьиналги ч1ван. Гьезие зулму гьаби гьес байбихьана гьел инжит гьарун г1одог1ан гьариялдаса. Цинги гьев Гьоц1алъа Худанатил вас Мух1амадица гьел къедисезул амру гьабизе ихтияр бугев щинав чиясул би т1езе х1алалаб бугин лъазабуна ва гьелъул х1асилалда кват1ич1ого гьес гьеб жинцагоги т1уна. Г1урусазухъе лъутун вук1арав Дышниялдаса Арсанакай т1ад вуссараб мехалъ Шамилица рит1ухълъи гьеч1ев хъач1ав Худанатил Мух1амадги вахъун гьесул бак1алда Арсанакай тана. Гьелъул х1асилалда гьев ц1идасан наиблъиялдаги ккана…»[122].
     Шамилил наиб Т1индиса Г1аличулас т1аг1изаруна Къеди - Сасикь рук1арал  амирзаби[123]. А. Юровас Шамилил наибзабазул х1акъалъулъ гьадин хъван буго: «…гьел наибзабаз жидер х1алт1и гьабулаан Шамилица лъураб г1адлуялда рекъон, ва гьеб г1адлуялъул бищунго к1удияб къварилъи бук1ана жидер рес бугел маг1арулазе: г1адат билъараб х1алалъ, гьел рик1к1унаан жидеда божилъи гьабизе бегьуларел г1адамаллъун, гьезда т1ад къот1улаан г1ак1а, амма г1емерисеб нухалъ гьезул кинабго буголъиги бахъулаан»[124].
     Шамилида бич1ч1ун бук1ана мухъилал уздензабаз (ц1ик1арасел маг1арулаз) жиндир рахъ кквеялъул к1удияб к1вар бук1ин, гьединлъидал гьес х1аракат бахъулаан гьеб ц1ик1иналъе к1вараб  жо гьабизе. Г1урус армиялъул генералияб штабалъул капитан Вранкеница хъван буго: «Шамилил амруялда гъоркь бугеб щибаб маг1арул росулъ г1адамал рикьун руго к1и-к1и къукъаялде:
     - бечелъиялде ва г1адамазда гьоркьоб къадру ц1ик1иналде рачунеб нухлъун ц1ияб г1адлу рик1к1унел мискинал г1олохъаби, цоял;
     - жал ресалда ругел, халкъалда гьоркьоб жидер къадру-къиматги бугел, амма кида-къадги гьеб х1алалдаса жал мах1румлъизе рук1ин бич1ч1улел цогидал»[125].
XIX г1асруялъул 30 соназул байбихьуда гьабураб цо хъвай-хъвг1аялда, Дагъистаналда бук1араб г1урус армиялъул к1удияв Клюки фон Клугенауяс бицунеб буго Къедиги Сасикьги ругел амирзабазе бокьун бугин г1урусазул х1укумат гьезул ракьалдеги щвезе, гьелдалъун жидер амирлъиги щулалъизе, буголъиги ц1унизе»[126]. Гьезие гьеб къвариг1иялъе г1ила бук1ана гьезда бич1ч1ун бук1ин кида бугониги имамасул наибзабаз жалги т1аг1изаризе рук1ин ва жидер буголъиги бахъизе бук1ин. Кват1ич1ого гьеб гьедин ккезеги ккана[127].
     Кавказалъул рагъул г1ахьалчи ва тарихчи Р. А. Фадеевас хъвалеб буго: «Муридчилъиялъул х1аракатчаг1аз жидер х1алт1и гьабулеб бук1ана бищунго къокъаб нухдасанги ун. Диналъ бицунеб ва т1алаб гьабулеб жоялда рекъон г1умру гьабизе г1адамал ругьунлъизег1анго ч1еч1ого г1ашт1иялъ билъанхъизабуна гьез жидер х1акимлъи. Гьел раккизе цереккун  маг1арулазда гьоркьоб къадру-къиматги бук1арал, амирлъи-х1акимлъиги кодосел, жидер раг1иги билъарал, ц1ар бугел тухум-кьибилазул г1адамал гьез цо-цоккун ч1вана ва г1емер кват1ич1ого халкъалда гьоркьоб ращалъиги лъугьана, щайгурелъул нахъе хут1ич1о цох1о кьварун ракъварал мискинзаби гурони»[128].
Х1амзат имамасул заманалъ, «маг1арулазда гьоркьоб ращалъи бук1инаби мурадалда маг1арухъ ч1ван т1аг1изаруна гьезул бищунго лъик1ал г1адамал»[129].
     «Живго имам Шамил гочана Басрияб Даргъо ва гьеб Имаматалъул тахшагьарлъунги гьабуна. Гьелъул х1асилалда гьеб росу унго-унгояб шагьаралде сверана. Гьелъие г1илаги бук1ана рахъ-рахъалдаса г1емераб бечелъи гьенибе чвахизе лъугьин ва гьелдалъун гьениб к1удияб хазинаги бак1ари.
…цогидаб бечелъигун цадахъ гьеб хазинаялде бач1унеб бук1ана Къедиса амирзабазе кколеб хараджги» [130], [131].
     ШАМИЛИЛ НАИБЗАБАЗУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ Х1АЖИ-Г1АЛИ НАХИБАШЕВ
     «…Ч1варал г1адамазул г1емерисел ч1вана, жидер буголъиялдаса кьезе т1адаб цо бут1а байтулмалалде кьолеб гьеч1ин багьанаги батун ва гьедин ч1варазул кинабго буголъиги бахъана. Байбихьуда щив вугониги ч1валаго Шамилица гьес чабхъад ун бач1араб буголъиялдаса кколеб бут1аги босулаан, гьесие ирсалъе щварабги бахъулаан, ч1варасул хъизаналъе нахъе жоги теч1ого. Гьелъул х1асилалда гьел хъизанал чидар г1адамазул ц1обалдеги кколаан. Хадуб гьес наибазде амру гьабуна ирсалъе щвараб жо гьединал г1адамазухъа бахъугейин. Имамасул гьеб амру наибаз т1убалеб бук1инч1о, ва гьесул вас Гъазимух1амадил кумекалдалъун, буголъиялъе г1оло г1емерал г1адамал ч1вана, гьелдалъун Шамилил х1акимлъиги чучлъизабуна, халкъалъул бук1араб къеркьеялъул шавкъги г1одоб ккезабуна».
     «…Г1адат батараб къаг1идаялъ маг1арулаз байбихьана цоцазе гъарачилъи гьабизе, бат1и-бат1иял къокъабазда гьоркьоб лъугьана тушманлъи. Т1ибит1ана мац1ихъанлъиги х1ал гьабиги. Гьединаб х1ал халкъалда гьоркьоб ц1ц1ик1иналъеги ц1униялъеги бажарараб жо гьабуна наибаз, щайгурелъул гьезие рес лъугьана мац1ихъабаз килищ бит1арав щинав г1айиб бугевги гьеч1евги чиясе тамих1 гьабизе ва гьезул буголъиялда т1ад квер лъезе. Гьеб мурадгун г1адамал ч1вазеги амру г1емер гьабуна гьез. Гьеб х1ехьезе к1веч1ел г1адамал чит1ир гьабун рач1ине лъугьана Шамилихъе, наибазул рит1ухълъи гьеч1олъиялда т1асан г1арзгун. Наибаз Шамил мук1ур гьавуна, жидеца наиблъи гьабулеб ракьалда жидер къадру ц1ик1иналъе г1олоян багьанаги батун, жидер кагъат кодоб гьеч1ев цог1аги чиясул г1арз къабул гьабич1о тезе. Гьеб нахъег1анаб х1илаялда имамги божана. Гьелдаса хадур наибзаби жидерго т1анч1и кваналел бац1азде сверана. Жинца къварид гьавулев чиясухъ киданиги наибас кагъат кьолареблъи лъиего балъгояб жо гуро. Къо анаг1ан маг1арулал тамахлъана, мискинлъана, гьезие рагъун ч1алг1ана ва гьез абизе байбихьана: «Дунялалда щиб лъугьаниги ургъел гьеч1о нижее» - ян. Цебе халкъалъ, хадуб наибазги байбихьана жал ругеб бак1алда г1агарда ругел г1урус-х1акимазулгун гара-ч1ариялъе ине, къот1и-къаял гьаризе. Г1урусаз гьел рокьи-хинлъигун къабул гьаруна, гьезие шапакъатал ва бечедал сайгъаталги кьуна. Гьединал нахъег1анал ишал жиндир наибаз гьарула рук1ин Шамилида лъала бук1инч1о, гьединлъидал гьес гьезда мугъч1вайги гьабулаан. Абизе бегьула Шамилил имамлъиги х1акимлъиги хвезабураб, рагъулъ гьев къеялъе бищунго к1удияб г1илалъунги ккараб жо бугин, г1урусазул армиялъул къуват яги месед гуребги, жиндирго наибазул ва жинда сверухъ жинца божилъи гьабун рук1аразул хиянатчилъи»[132].
     ЦИДУРОХЬ, КЪЕДИСА НУЦАБИ ВА САСИКЬЕЛ
     Т1ОЦЕБЕСЕБ КАГЪАТ[146]
     Жиндир къадру к1удияв наиб Дибир Аль-Авариясухъе. Цинги.
     Дица дуда т1ад къалеб буго гьеб къедиселги сасикьелги жиб сабаблъун даг1багъила ругеб рохьалъул суалалъул хал гьабеян. Лъазабе Къедиса амиразул буголъилъун кколищали гьеб рохь ва щиб бугеб гьелъие кьуч1? Гьел суалазе жавабалги щун дуда х1акъикъат лъадал дихъе хабар бит1е. Нагагьлъун гьел г1адамаз дуца гьабураб маслих1атги босун даг1ба тани, гьелъул х1акъалъулъги дида лъазабе.
     Подполковник, гиназ Орбелиани /печать/ /гъулбас/
     Итни къо, 22 мух1аррам, 1289 сон
     К1ИАБИЛЕБ КАГЪАТ
     «Жиндир къадру к1удияв наиб Дибир Аль-Авариясухъе. Цинги.
     Гьеб рохь сабаблъун бугеб даг1баялъул бицараб дур кагъат дихъе щвана. Гьеб кагъаталда хъвараб жо ракьа-раг1алде щун дида бич1ч1ана ва лъана щиб бицула бугеб гьеб рохьалъул бет1ергьанлъиялъул х1акъалъулъ гьезул мадугьалзабаз. Гьединго дида лъана Къедиса амирзабазул лъималазухъа ва гьезул рук1арал руччабазухъа гьеб рохьалда г1агарда ругел кулал росарал г1адамазул пикруги. Гьеб киналъулго х1асилги гьабун дида бич1ч1ана Къедиса амирзабазулги гьезул наслабазулги гьеб рохьалда т1ад жакъаги бук1ин жидер умумузул бук1арабго г1адаб ихтияр».
     ЛЪАБАБИЛЕБ КАГЪАТ
     Къеди росдал амиразухъ. Цинги.
     Жиб сабаблъун нужерги сасикьазулги даг1ба бук1араб рохьалдаса пайда босизе нужер ихтияр бук1иналъул бицараб гиназ Орбелианил кагъат бач1ана нижехъе. Гьелда хурхун дица нужее гьабулеб буго гьаб хадуб рехсараб бихьизаби:
     - Гьеб рохьоре нуж унеб мехалъ гьениса къот1араб ц1ул бикьизе къот1игун цадахъ щивго вачич1ого тезе, гьеб бикьулеб ц1улалъул къадар цо х1ама бугониги;
     - Гьеб рохьоре чияр х1амул рачинч1ого тезе, гьез бач1араб ц1ул гьезул бет1ергьабазе бикьизе къот1игун;
     - Бач1араб ц1ул бикьизе къот1игун гьеб рохьоре х1амулгун, оцалгун щивго чи вит1ич1ого тезе.
     Дица нужеда гьарула буго нужерго умумуз босулеб бук1араб г1адин зарал кколареб къаг1идаялъ босейин гьеб рохьалдаса пайда, гьеб квешезе хвезеги гьабугейин. Нужеда гьоркьоб даг1ба ц1илъич1ого бук1ине г1оло рук1айин Аллагьасул унго-унгоял лагъзаллъунги ва лъик1ал мадугьалзабилъунги. Даг1ба т1оцебе гьез байбихьаниги гьелгун даг1бадизе лъугьугейин, шайгурелъул нуж руго к1удиял х1акимзабазул бербалагьиялда гъоркь ругел г1адамал. Нуж даг1бадани гьел нужгун даг1бадулез гьеб рохь квешезего хвезабизеги бегьула. Гьаб буго нужее бугеб нижер лъазаби ва гьарула нужеда ниж рит1ун рич1ч1еян. Ч1амалазул ва Ункъракьалъул наиб Дибир /гъулбас/. Рузманкъо, 3 сафар, 1289 с.
     УНКЪАБИЛЕБ КАГЪАТ
     Итни къо, 22 мух1арам, 1284 сон
     Жиб сабаблъун к1иго росдал даг1ба бугеб гьеб рохьалъул х1акъалъулъ ц1ех-рех гьабеян ва гьелда т1ад Къедиса амирзабазул ихтияр бугищ, батани гьелъие кьуч1 щиб бугеб ц1ехеян амру гьабун кагъат бач1ун буго дихъе подполковник, геназ Орбелианица ва генерал-майор, гиназ Чавчавадзеца.
Гьеб зах1матаб суалалъул ц1ех-рех дица байбихьана Сасикьа. Сасикьез дихъе кьуна гьадинал кагътал:
     - т1оцебесеб кагъат буго Шамилил заманалъго хъвараб;
     - к1иабилеб кагъат буго гьелдаго т1асан хъвараб. Т1аде жубан буго гьадин: (…?);
     - лъабабилеб кагъат наиб Каримил заманалъ хъвараб буго, амма гьелдалъун бич1ч1изе к1веч1о гьеб рохь цебеккун лъил бук1араб.
Гьеб суал роц1ц1инабизе г1оло т1амураб дир к1иабилеб галилъун бук1ана мадугьалихъ ругел, Ц1умада, Рич1агьанихъ, Гьаквари, Эчеда, Сильди росабалъ гьелда т1асан гьабураб ц1ех-рех. Гьел росабалъ дун к1алъана гьал хадур рехсарал г1адамалгун:

     Ц1УМАДА:
     Магьадурил вас Мух1амад, Нурмух1амадил вас Мукъраш, Х1асанил вас Нурав;
     РИЧ1АГЬАНИХЪ
Т1ирабил вас Мух1амад, жив х1ежалде щварав, Къокъасул вас Х1ажияв, Мансурил вас Мух1амад, Гъазимух1амадил вас Къазиахикь, Шагьрол вас Г1абдурах1ман, къади.
     ГЬАКВАРИ
     Гъазимух1амадил вас Нурмух1амад, къади, Денгал вас Закарья, къади, Мух1амадил вас Муртазаг1али, Мух1амадгъазил вас Мук1уса, Къоралъил вас Мух1амад, Къоралъил вас Денга.
     Сильди ва Эчеда росабазул ц1аралдаса дихъе бач1ана к1иго кагъат. Гьениб хъвараб жоялъухъ балагьун бихьулеб буго гьез даг1бадулазул лъидехуго ц1ай гьабулеб гьеч1олъи.
     Гьеб киналъулго х1исабги гьабун абизе бегьула гьадин:
     Шариг1аталъул заман бач1инелдего гьеб рохь бук1ана Къедиса амирзабазул буголъилъун, жиндир т1алабги гьез гьабулеб. Гьез изну кьолаан къедисазе гьениса ц1ул къот1изе, амма цо-цо гьезиеги гьеб гьукъулаан. Амирзабазе гьукъизени киса бук1инеб, къедисезецин гьеб гьукъизе ихтияр сасикьезухъ киданиги бук1инч1о.Гьел амирзабаз шариг1аталъул заманалъги жидерго умумуз г1адин пайда босулаан гьелдаса.
     Нус-нус соназ ц1унун бук1ана гьединаб г1адло. Цинги, шариг1аталъул заманалъ ч1вана бищунго раг1и билъарал къедисел. Рук1ана гьел ракълилал, лъик1ал г1адамал, гьезул нахъе хут1ана лъимал ва къоролзаби. Гьез гьабулаан гьелъул т1алаб, ва бук1инч1о заман къедисез гьеб рохьоса ц1ул къот1улареб.
     Нижеда лъаларо гьеб гьез ирсалъул ихтияр бук1унищ яги х1алалдалъунищ гьабулеб бук1араб, амма гьеб рохьалда сверухъ ва г1агарда ругел ракьазда т1ад Къедиса амирзабазул кулал г1емер рук1иналъ бихьулеб буго ирсалъул ихтияралдалъун гьеб гьабулеб бук1араблъи. Амирзаби ч1ван хадуб нахъе хут1арал гьезул лъималазги къоролзабазги гьел кулазул цо бут1а сасикьазе ричун руго. Гьедин гьел кулазул ва ракьазул бищунго лъик1ал бут1аби щун руго сасикьа Г1исал Дибирасеги, Къадиг1алиеги ва цогидазеги. Нижеда лъалеб рахъалъ гьел г1адамал рук1инч1о рит1ухълъи гьеч1олъиялдалъун яги х1ал гьабун гьеб буголъи ккураллъун.
     Дагъистан г1урусаз мук1ур гьабун хадуб гьеб рохь сабаблъун къедисаздаги сасикьаздаги гьоркьоб даг1ба ккана ва гьелъул х1асилалда гьениса ц1ул къот1изе къедисазе гьукъунги бук1ана. Нижеда лъаларо щиб г1илаялдалъун гьеб гьабун бук1араб. Дир х1исабалда гьеб иш ккана наиб Каримил заманалъ[147].
     Гьаб кинабго раг1араб-таралъул ва лъугьа-бахъаралъул х1акъалъулъ хъван кагътал рит1ана дица полковник Орбелианихъ ва гиназ Ч1авч1авадзехъ (…), гьенибго гьоркьоб дица лъуна Шамилил заманалъ бук1араб ва цогидабги кагъат. Орбелиани гьел кагътазухъ балагьана ва гьениб хъван бугеб жоялда т1ад ургъун х1исабги гьабун, сапар моц1алъул к1иабилеб къоялъ кагътидалъун дие жавабги кьуна. Гьес дида амру гьабуна Къедиса амирзабазул бук1ин кьуч1ч1алда гьеб рохьалъул даг1ба лъуг1изабеян ва гьединго квал-квал гьеч1ого къедисел гьениса ц1ул къот1изеги реччеян. Гьеб х1укму хъварал кагътал сасикьезухъги къедисезухъги кьеян. Дица х1укму гьабуна хасго къедисезе гьеб рохьоса ц1ул къот1изе изну кьезе, гьедин къот1араб ц1ул бикьизелъун цогидал рит1ич1ого рук1ине къот1игун.
     Щай ва сундул кьуч1алда къедисезе гьеб рохь беччараб?

     Т1оцебесеб иргаялда, шариг1аталъул заман бач1инелдего Къедиса амирзабаз гьелдаса пайда босулеб бук1ун.
     К1иабилеб, жидее бокьани гьез гьенире ине сасикьелни щай гьукъуларел, къедиселцин гьукъулел рук1ун.

     Лъабабилеб, шариг1аталъул заманалъцин гьез гьелдаса пайда босулеб бук1ун ва гьезда к1олеб бук1ун гьеб г1адлу хвезабизе лъугьарал х1ал гьабун ч1езаризеги.
Ункъабилеб, гьеб рохьалда г1агарда ругел кулалги ракьалги сасикьез росун рук1ун Къедиса амирзабазул бесдалазухъа, гьел амирзаби ч1аго гьеч1олъиялдаса пайдаги босун.
     Щуабилеб, гьел ракьазда т1ад ругел кулал къедисезул г1емер рук1иналъ сасикьезул ругелдасаги.
     Щибаб гьаб хабарги х1акъаб бит1араб буго, гьеб рохьалъул ва гьелда сверухъ лъугьараб – таралъул х1акъалъулъ къедисез бицарабги бит1араб буго.
     Гьалдалъун дица тана ва ахир лъуна гьеб к1иябго росдада гьоркьоб бук1араб даг1баялъе. Гьаниб гьабураб х1укму гьел к1иязухъгоги кьуна.
     Ункъракь ва Ч1амал мухъалъул наиб Дибир Аль-Авари (Хунзахъа Инквачил Дибир. Шамилил вук1арав наиб, – И. Гъ.)
     1289 сон, рабиг1ул ахиралъул 30 къо, суббота.
     /печать/, /гъулбас/ /[148], [149]
     Ункъракьалъул муг1рузда муч1дузул бищунго ц1ик1араб хаслъи буго г1ияхъанлъи гьабиялда т1ад ч1ез бугеб санаг1алъи. Цо-цо росабазухъ гьел г1ураб къадаралда гьеч1ониги, цогидазул гьел кидаго г1унги т1ок1ал рук1ана. Гьединаздаса ккола Гьакъоги Къедиги росаби. Роол муч1дузул х1ал гьедин бук1аниги хасало гьел лъиениги г1олароан ва г1ияхъабаз жидерго г1и гочинабизе кколаан рикк1ад ва г1агарда ругел мадугьалзабазул ракьазде. Митрада, Цихалахъ, Гъоркь ва Т1ад-Хъварщинисел унаан Тушалъе, Сасикьел, Силдал, Къедисел ва Гьакъосел – Къиялъе. Гьел росабалъ ругел ракьазда т1ад бет1ергьанлъи бук1ана к1иго бат1ияб – хасаб ва г1аммаб. 
     Жиб-жиб росдал г1аммал ракьазда т1ад боц1и хьихьизе ихтияр бук1ана гьеб росдал киналго г1адамазул, амма цо ч1араб заманалъ – их ч1аралдаса байбихьун рии ч1езег1ан. Хут1араб заманалъ гьел рецулел ракьал ва г1алахал унаан Къедиса нуцабазул бет1ергьанлъиялде – рии ч1аралдаса их бач1инег1ан. 
     Т1адехун рачарал мисалаздалъун нилъеда бихьулеб буго XVIII-ХIХ г1асрабаз маг1арухъ рецулел ракьал, г1алахал ва жеги рохьалгицин цо-цо г1адамазул хасаб бет1ергьанлъиялда рук1араблъи. Гьелъго рит1ухъ гьабулеб буго гьеб заманалъ г1аммал рекьулел ракьал маг1арухъ рук1инч1ин абураб пикруги[150].
     Къедиса нуцабазул бет1ергьанлъиялда рук1арал Ункъракьалъул муг1рул ва рекьулел ракьал г1урусазул х1укуматалъ 1861 соналдаса хадур Россиялъул пачалихъалъул фондлъун гьаруна[151]. Гьелдаса хадур гьел ункъракьалъулал чанго нухалъ рач1ана гьаригун Россиялъ Кавказалда рагьараб Наслабазул ва Ракьазул суал т1убаялъул идараялде, гьедин рахъарал Игъадахъ, Гьиндух ва Апарата муг1рул жидехъ т1ад руссинареян. Амма Кавказалда т1ад тун вук1арав х1акимасул идараялъ Гьакъоса ва Къедиса нуцабазул ирсилазе инкарги гьабун гьел муг1рул ижараялъе кьолеллъун гьаруна[152].
     «Г1и-боц1и кваналел г1алахлъун ругел Гьиндуха, Гинду?, Хакенчу? Ва Апарата муг1рул цебезаманалдасаго нахъе рук1ана Авар ханзабазул наслолъун жал ругел Къедиса нуцабазул буголъилъун. Цо заманалъ Шамилица гьел муг1рул жиндаго руссинарун рук1ана ва ясахъги босун Гьаг1мади ва Силди росабазул г1адамазухъ ижараялъе кьолаан[]. Гьел муг1рул 1865 соналъ пачалихъалъул хазинаялде росана ва гьелго росабазухъ ижараялъе тана, Аргуналъул ва Г1анди округазул х1акимзаби разияб ясахъги т1ад лъун. 
     Чадири ва Хашакь лъарал жиндаса рикьулеб щоблъун жал ругел гьел муг1рузул щоб кидаяли нек1сияб заманалъго Чачанлъиялдаги Дагъистаналдаги гьоркьоб бугеб т1абиг1ияб г1орхъилъун бук1ун батизеги бегьула, амма гьезул чачаназул рахъалде ралагьарал лабаллъаби шаклъи гьеч1ого Къедиса нуцаби бет1ергьанал рук1иналъ, полковник Герасимовасул комиссия, Гьиндуха мег1ералъул шималияб ва бакът1ерхьул рахъалда ругел лабаллъабазул 1/5 бут1а Терек областалда гьоркьоб унеб къаг1идаялъ г1орхъи ч1езабизе х1ажатаблъун ккана»[153].
     «Къедисезул вакилзаби Мух1амадил Чанкурицаги Х1адисил Мусацаги бач1ун буго г1арза жидее бокьун бугин, Гьиндуха мег1ералъул гьанжелъизег1анги жидехъ бук1араб, жибги Дагъистан областалъул г1орхъабазда жаниб кколеб бут1а, гьанже хадубги жидехъ тезе»[154].
     «Жиб-жиб нухалъ багьа т1ад ч1валеб къаг1ида сабаблъун гьел муг1рул ва г1алахал ккана цо чиясул т1алабалда гъоркь, гьелдлъун хвана гьелъул г1адлуги. Гьезда аск1ор ругел росабазул халкъалъе гьелдалъун заралги кколеб бук1ана, амма г1арзгун гьел къват1ир рахъинч1о, щайгурелъул гьеб ракь ижараялъе босарав чи Къедиса нуцабазул наслуялдаса вук1иналъ, кидаялиго гьел муг1рузул бет1ергьабилъун жал рук1арал ва 1965 соналъ пачалихъалъул хазинаялде гьел муг1рул росулаго 200 гъурущ гурони жидее кьеч1ел»[155].
     ЖИДЕР МУГIРУЛ ТIАД РУССИЗАРЕЯН АБУН, ГIУРУСАЗУЛ ХIУКУМАТАЛДЕ КЪЕДИСА
     НУЦАБАЗУЛ НАСЛАБАЗ (К1удияв Мух1амад – И. Гъ.) ХЪВАРАБ КАГЪАТ[156],1871 сон.
     КIудияв Пачаясухъе. Шамилица ва гьесул наибаз чIвана нижер умумул, вацазул ва гIагарлъиялъул балугълъиялъул гIужалде вахаравшинав чи, бахъана боцIи-мал, къватIи къотIана мина-милкалдаса ва гьел рихизаруна. Аллагьасул кумекалдалъун гьеб зулму нижеда тIаса ана, ниж нижерго рукъзабахъе руссана ва нижерго ракьалъул бетIергьабилъунги рахъана, амма, кинниги, нижер мугIрул жеги нижехъе тIад руссинарун гьечIо. Нижее гьел мугIруздаса ясахъ кьолев чиги гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ нижеца цебеккунги хIакимзабазухъе хъван букIана, амма жеги гьеб суал тIубан гьечIо.
     Гьединлъидал хъвалеб буго духъе, нижер умумузул ракьал нижехъе тIад руссизареян гьаригун[304]. (ГIурусалдаса буссинабуна И. Гъ.)
     1871 СОНАЛЪ РОССИЯЛЪУЛ ХIУКУМАТАЛДЕ КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ ЧИ АЛДАМИЛАС ХЪВАРАБ КАГЪАТАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ТАРИХАЛДА БУГЕБ БАЯН[305].
     ГIанди мухъалъул Къеди росдал нуцабаз гьарулеб буго, Шамилил наибзабаз гьезухъа бахъараб ракьги мугIрулги тIад руссинареян.
     Гьел нуцабазул наслуялда цIар буго Алдамилал. Къеди гьел рачIун руго ГIарабиялдаса. Буго цоги бицен гьел Гуржиязул Каралал абулел ханзабазул чагIи ругин. 1844 соналде щвезегIан гьезие бокьун букIинчIо Шамилил хIакимлъи къабул гьабизе ва гьединлъидал гьез гьесул гъазаваталъул рахъги кквечIо. Гьеб соналъ гьезие тамихI гьабизелъун Шамилица Къеди росу сверун ккуна ва цIикIарасел къедисел чIвана, гьезул ракьги мугIрулги байтулмалалде руссинаруна (имамасул буголъилъун гьабуна). Дагъистан Россиялъе мутIигIлъун хадуб гьеб ракь пачалихъалъул хазинаялде босун букIана, гьединлъидал Къедиса нуцабазул лъималаз (цебеккунги) гьарун букIана гьел ракьал тIад руссинареян. Гьезул гьеб гьари къабул гьабун букIинчIо, амма гьезие, Кавказалда бугеб гIурус армиялъул кIудиясул кумекчияс 1865 соналъул 22 февралалъ бахъараб №294 бихьизабиялда рекъон изну кьун букIана, гьел мугIрузде цогидал росабазул гIи биччан бачIунеб 24 гъурущ ясахъ жидеего босизе, гьедин босараб кинабго гIарцул къадар 200 гъурущалде бахинегIан заманалъ.
     Къедиса нуцаби рукIана муридазул ишазде данде чIарал ва Дагъистан мутIигIлъараб къоялдаса нахъе хIукуматалдехун жидер божилъи бихьизабурал, хасго гьеб мухъалда 1871 соналъул хаслихъе букIараб багъа-бачариялде данде рахъиялдалъун. Гьединго хъачIаб гьава-бакъалъул ракь букIин сабаблъун боцIуе кваназе гIураб гIалах гьечIолъиялъ къедисел мискин рукIиналъги, Дагъистаналъул хIукуматалъ битIараблъун рикIкIунеб буго гьеб ракь гьел нуцабазухъ тIад буссинаби.
     Гьаб кагъаталъе бачIараб жаваб:
     Дагъистан областалъул кIудиясда тIад къазе Къедиса нуцаби ракьалдалъун хьезариялъул иш хасаб бихьизабиялдалъун тIубазе.
     АВТОРАСУЛ БАЯН: Гьаб кагъаталда ва цоги тарихалда ругел баяназда мугъчIвайги гьабун, тарихчи Хашаевас жиндирго «Феодальные отношения в Дагестане» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Къедиги Сасикьги гIумру гьабун рукIана Эчеда ва Гьиндуха мегIералъул бетIергьаби, Алдамилалин жидеда абулел нуцаби», - ян. [157].
     Гьел ракьал т1ад руссине гьарич1ого теялъе г1илалъун бук1ине бегьула Ункъракьалъул муг1рузул цоялда т1ад г1арац ва т1ухьи гьоркьоб бугеб маг1дан бук1ин[158] :
     - т1оцебесеб иргаялда, гьеб маг1дан бук1иналъ кьеч1о гьел муг1рул бет1ергьабазухъ;
     - к1иабилеб, гьел муг1рул кодор ч1езариялъ г1урусазул х1укуматалъе рес кьуна бак1алъулал г1адамал мут1иг1лъуда ч1езаризе;
     - лъабабилеб, гьел муг1рул ижараялъе кьей сабаблъун пачалихъалъул хазинаялде г1арац бач1ине лъугьана. Мисалалъе: архивазда ругел хъвай-хъваг1аязда балагьун бихьулеб буго Игъадахъ мег1ералъухъ к1к1арат1исез лъаг1алие кьолеб бук1араблъи 190 гъур. 14 коп.; Гьиндуха мег1ералъухъ силдисез – 380 гъур. 26 коп.; Апарата мег1ералъухъ гьакъосез – 41 гъур. 70 коп.[159].
     Гьединго гьел ракьал бет1ергьабазухъ т1ад руссинарич1ого теялъе г1илалъун бук1ине бегьула Кавказ мук1ур гьабун хадуб нуцабазул, ханзабазул тухумаздехун г1урусазул х1укуматалъ гьабулеб бук1араб сиясатги. XIX г1асруялъул 60 соназул ахиралде Дагъистаналда т1ад кибниги нуцабазул х1акимлъи бугеб бак1 тун бук1инч1о ва бажарараб жо гьабулеб бук1ана гьел г1адамал цебе бук1араб къадруялде рахизе риччач1ого ч1езариялъе г1оло. Гьелдалъун жидехъ бугеб г1орхъи-рахъ гьеч1еб т1алъиялъе квал-квалал ккезе рук1инги бич1ч1ун.
     Г1УРУС ХАНАС КАВКАЗАЛДА Т1АД ТАРАВ Х1АКИМ ГРАФ ВОРОНЦОВ-ДАШКОВАСУХЪЕ К1К1АРАТ1ИСЕЗ ХЪВАРАБ КАГЪАТАЛЪЕ ГЬЕСУЛ Х1УКУМАТАЛЪ КЬУРАБ ЖАВАБ
     Дагъистаналъул рагъулав х1аким.
     Канцелярия. 1906 соналъул 15 февраль. Темирхан-Шура шагьар
     Х1урмат т1адег1анав императорас Кавказалда т1ад тарав х1акимасул Халкъиябгун-рагъулаб х1акимлъиялъул консиляриялда бугеб Наслабигун-Ракьазул суал т1убаялъул идараялде.
     К1к1арат1исезул вакилзаби Халитил вас Мух1амадихъ, Х1алимил вас Г1абдулахъ ва Имадибирил вас Мух1амадихъ Игъадахъ, Гьиндухъ ва Апарат1а муг1рул кье ян к1к1арат1исезул жамаг1аталъ хъвараб ва 1905 соналъул 16 сентябралъ дихъе бач1араб кагъат т1ад буссинабулаго Наслабигун-Ракьазул суал т1убаялъул идараялда бокьун буго лъазабизе, унго-унголъунги гьеб гьариялъул бет1ергьабаз ханзабазул заманалъги гьел муг1руздаса пайда босулеб бук1анин, гьенир аск1ор ругел Къеди ва Силди росдал г1адамазго г1адин. Цинги гьел муг1рул ханзабазул рук1аралин абун росана пачалихъалъул хазинаялде ва гьаруна ижараялъе кьолеллъун.
     Гьединабго гьари жаниб бугел кагътал дихъе цереккун Къеди ва Силдисезул жамаг1атазги чанго нухалъ рач1ун рук1араблъиги х1исабалде босун, рит1ухъаблъун бихьула гьаниб рехсараб лъабабго жамаг1аталъухъ гьел муг1рул кьезе ва гьезухъа мухь босич1ого тезе. Кинаб бук1аниги г1иллаялдалъун гьедин гьабизе данд ккеч1они, гьел муг1рул гьезухъ ижараялъе кьезе дагьабго мухьги т1ад лъун.
     Приложение: прощение и приговор.
     Генерал-Лейтенант: подпись
     Правитель Канцелярии: подпись
     И. д. Делопроизводителя: подпись

     Баку губерниялъулги Дагъистан областалъулги Ракьазул ва Пачалихъалъул буголъиялъул г1адлу гьабулеб Идараялъ Кавказалъулго Ракьазул г1адлу-низамалъул Идараялъул х1акимасул вакиласе 1906 соналъул 23 маялъ гьабураб № 8198 бихьизабиялда т1асан босараб.
     «Пачалихъалъул хазинаялда ругел Гьиндух, Игъадахъ ва Аппарат1а муг1рул Дагъистан мук1урлъизег1анго цере жидер бет1ергьанлъиялда рук1анин ва гьелдаса хадубги, Пачалихъалъул буголъиялъул г1адлу-низамалъул Идараялде Дагъистан областалъул пачалихъияб буголъи кьезег1анги жидер боц1и гьел муг1рузде унеб бук1анин абун к1к1арат1исезул гьариялда жаниб бугеб хабар уяб гьеч1о, щайгурелъул, Дагъистан областалъул Рагъулав Губернаторасул консиларалъул архивалда ругел кагътазул хал гьабулаго бихьулеб буго гьел муг1рул Дагъистан мук1ур гьабизе г1емерго цере Къедиса нуцабазул жалго бет1ергьанаб буголъилъун рук1араблъи, Дагъистаналъул ва Чачан мухъалъул г1адамазухъ ясахъги т1ад лъун кьеялдалъун жиндаса гьез пайда босулеб бук1араб.
     Гьединго пайда босулеб бук1ана гьел муг1руздаса Шамилил заманалъги, гьес Къедиса нуцабазухъаги рахъун байтулмаллъун, ай жиндир хазиналъунги гьарун.
     - Хадуб, цо заманалъ, гьел Гьиндух, Игъадахъ ва Апарат1а муг1руздаса пайда босиялда сверухъ Дагъистан ва Чачан мухъалъул росабазда гьоркьоб даг1ба багъаридал, 1865 соналъ Рагъулал х1акимзабаз рит1ухъаблъун рик1к1ана, Шамилил заман бач1инелелдего гьездаса ясахъ Къедиса нуцабаз босулеб бук1араблъи ва хадуб Шамилица байтулмаллъун гьарун рук1араблъиги х1исабалде босун гьел муг1рул пачалихъалъул хазинаялде росизе;
     - Къедиса нуцабазул гьезда бук1араб бет1ергьанлъиялъул ихтияр, ц1ц1ик1ун заман гьоркьоб ун бук1иналда бан т1аг1араблъун рик1к1ине;
     - мискинго рук1инги х1исабалде босун, гьел нуцабазул ирсилазе 200 гъур. г1арацги кьезе, Гьиндуха, Игъадахъ ва Апарат1а муг1рулги, хадуб киналго ракьал рикьа-рихулеб заман бач1инег1ан Дагъистан ва Терек областалъул, гьелде щвезег1ан жидеца пайда босула рук1арал росабазухъ тезе, амма г1адамазе зах1малъулареб къадаралда Г1анди ва Терек мухъазул х1акимаз ч1езабураб ясахъги бахъун, жибги кинабго Дагъистан областалда бак1арулеб пачалихъияб магъалоялда гьоркьобе бач1унеб.
     Гьелдаго цадахъ Г1анди мухъалъул Х1акимасда т1ад къан бук1ана, цо хасаб х1укму гьабизег1ан заманалъ г1орхъи-рахъги ч1езабун гьединал ракьал бат1и-бат1иял жамаг1атазда хадур рихьизаризе, гьездаса ясахъ бахъиялъулги г1адлу-низам гьабизе, г1адлу хвезабуразухъа бахъулеб г1ак1аялъулги гьеб ясахъалъулги мух1канаб х1исаб-суалги гьабизе.
     Гьединлъидал, босулеб бук1ун батаниги гьел муг1руздаса пайда к1к1арат1исез босулеб бук1ана, г1арзаялда бихьизабураб къаг1идаялъ цох1о жидецаго гуреб, - Дагъистаналъул ва Терек областалъул цогидал росабазгун цадахъ. Ч1обогоги гуро – лъалеб, раг1араб багьаялъухъ.
     Хадубги гьел муг1рул к1к1арат1исез жидер г1арзаялда бицухъе гьит1иналги гуро, 3000 десятин г1ат1илъи бугел руго. Гьелда гьоркьоб Гьиндуха – 2000 десятин, Игъадахъ – 700 десятин, Апарат1а – 300 десятин буго».
     (Кинабго кагъат гьаниб босулеб гьеч1о. Хут1араб бут1аялда хъван буго к1к1арат1исезухъ гьеб заманалъ 874 десятин? ракь бугин ва 1905 соналъул 24 октябралъ Темир-Хан-Шура бук1араб ракьал ижараялъе кьеялъул даран-базар гьабулеб данделъиялда 190 гъур. лъаг1алие жаниб кьезе къот1игун 1906 соналъул 1 апрелалдаса байбихьараб 1912 соналъул 1 апрелада щвезег1ан Игъадахъ мег1ер гьезухъ кьун бугин. Гьел ва гьанир росич1ел цоги г1илаби сабаблъун к1к1арат1исез кьеян гьарулел муг1рул гьезухъ кьезе инкар гьабунин. – И. Гъ.)
     Верно: Помощник Уполномоченного Главноуправляющего Землеустройством и
     Земледелием на Кавказе: подпись
     …Ракьазда сверухъ даг1ба бук1ана Шамилил заманалъ гьел ракьаздаса мах1рум гьарурал бечедал г1адамазулги (ханзаби, нуцаби, амирзаби) ва жидер боц1и хьихьизе ракь г1оларого рук1арал маг1арул жамаг1атазулги. Гьединал ишазе мисаллъун босизе бегьула Игъадахъ мег1ер сабаблъун Дагъистаналъул халкъияб судалъ 1887 соналъ гьабураб халгьаби. Гьеб мег1ералда т1аса даг1ба бук1ана: цо рахъалдасан, цереккун гьелъул рук1арал бет1ергьаби Къедиса нуцабазул ирсилав Алдамил [162], цоги рахъалдасан, «эркенаб жамаг1ат» Ункъракьалъул Силди, Гьакъо росабазул ва 1871 соналъ ункъракьалъулаз ч1варав наиб (К1к1арат1аса) Х1ажиясул г1агарлъиялъул. Къедиса нуцабазул ирсиласул гьари судалъ гьесие бокьараб къаг1идаялъ къот1ич1о. Мег1ер кьуна пачалихъалъул хазинаялде. Ункъракьалъулазе ва к1к1арат1исезе изнуги кьуна гьеб мег1ер пачалихъалъухъа ижараялъе босизе, жидеца Къедиса нуцабазе гьелъухъ цебеккун кьолеб бук1араб мухьалъул бащалъиялъухъ[163].[164].
     Дагъистан ва Терек областазда гьоркьоб жинда т1ад к1алъазе бак1 гьеч1еб г1орхъи ч1езабизе ва ракьазда т1аса ругел даг1бабазул хал гьабизе г1уц1ц1араб идара (г1урусазул Кавказалъул Армиялъул к1удиясда аск1об бугеб), (Кавказалда заманалъ г1уц1ц1араб идараялъул Муг1рузулаб бут1а. Дагъистан областалда хурхарал хъвай-хъваг1аял)[165].[167].
     P.S. Гьадин ккуна, рахъана, ричана ва рикьана Ункъракьалъул амирзаби, Къедиса нуцабазул ракьалги боц1и-малги. Т1оцебе, 1844 соналъ Шамилил наибзабаз. Хадубги – гьелго наибзабаз, амма Шамилие гурел, 30 соналъ гьев данд къеркьарал ва 1859 соналъ гьевги асир гьавун Дагъистан кодо босарал г1урусазе гъулухъалъе лъугьарал. Гьелдаса хадуб 70 соналъ гьебго жо гьабуна 1917 соналъ гьел наибзабазул х1акимлъиги мерхьун т1алъи босарал коммунистаз. Гьанже, 1992 соналдаса нахъе – демократияб абун жинда ц1ар бугеб ц1ияб Россиялъул х1укуматалъ…
      ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ МАГ1АРУХЪА ВА ЧАЧАНЛЪИЯЛДАСА МАГЪАЛО БАК1АРИЯЛЪУЛ СУАЛАЛДА Т1АСАН ХАБАР[168].
     XIX г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялда, г1урусазул х1укуматалъ Кавказалда г1уц1ц1ун бук1араб Наслабазул ва Ракьазул суал т1убазабиялъул Идараялде Болъихъеги ах1ун Къедиса нуцабазул тухумалъул чаг1и реччан руго Къиялъа ва Тушалъа щал росабалъа жидер умумуз магъало босулеб бук1арабали бицизе. Гьез мух1канаб баян кьун буго лъихъан киг1ан ва кинаб къаг1идаялъ гьеб магъало бач1улеб бук1араб абураб суалалъе.
     Г1араб мац1алда гьабураб гьеб хъвай-хъваг1ай нижеда батана Туплисалъул архивазда[175]. Гьенибго батана гьезул ва цогидал къедисазулги хабар, жидерго гьоркьолъабазул ва росу-ракьалъул, г1адлу-низамалъул х1акъалъулъ бицараб. Хъвай-хъваг1ай гьабун буго г1урус мац1алда.
     Гьале гьел кагътал.
     1884 СОНАЛЪУЛ 4 АВГУСТ, БОЛЪИХЪ
     Ниж Г1анди округалъул Къеди росулъа нуцабазул[177] наслуялъул чаг1и, Алдамил Хъилич, Гъанбулатил Х1амзат ва Ах1мадханил Г1алисултан[178]. Кавказалда г1уц1ц1араб Наслабазул ва Ракьазул суал т1убазабиялъул Идараялъул х1алт1ухъанги нуг1лиялъе вук1ун нижеца бицана гьаб хабар:
     Росулъ нижер буго 14 хъизан[179] ва ниж киналго ккола Авар ханзабазул рукъалъул г1адамал. Нижер тухумалъул к1удияв [180] цебе заманалъго, жиндирго вацги ч1ван[181] нахъе ине ккун вуго Авариялдаса ва байбихьуда решт1ун вуго Гъуниб округалъул Хучада росулъ[182]. Гьениб гьидалъазухъа гьес босун буго ракь, амма хадуб гьебги т1ад буссинабун гьезухъаго босун буго гьанже Къеди, Сасикь ва Силди росаби[183] т1ад ругеб ракь, цинги жиндирго наслабигун Къеди-Сасикь г1умру гьабун ч1ун вуго. Нижеда раг1ана нижер умумуз байбихьуда росанин т1ад г1адамал гьеч1ел ч1орогоял ракьал, хадуб, дагь-дагь ккун, гьенир г1умру гьабизе г1адамалги реччан росабиги г1уц1ц1анин.
     Шамилил заманалдаса цебе, гьел росабазул 20 бет1ералдаса ц1ик1ун г1и бугел, гьеб г1иги жидеда г1агарда ругел муг1рузде къот1улел г1адамазухъа нижеца босулеб бук1ана цо-цо х1оржо. Гьелдаги т1аде Сасикьазул маг1арде[184] нижеца беччалеб бук1ана цо вехьас хьихьулеб чидар г1и ва гьесухъаги лъаг1алие цо куй босулеб бук1ана. Гьединго силдисезул маг1ардасаги чидар г1иялъухъ босулеб бук1ИНЧ1О (?), гьединго къедисезул маг1ардасаги к1иго вехьас хьихьулеб чидар г1иялъухъ босулаан ункъго куй. Гьелдаги т1аде Къедиса ва Сасикьа щибаб рукъалъул г1адамал жиб-жиб лъаг1алие лъабго къоялъ нижер ракьалдаги х1алт1улаан. Цо къоялъ - рекьари, цо къоялъ – лъилъари, цо къоялъ – лал т1ами. Силдисез жидерго рекьулел ракьал нижер умумузухъа ричун росун руго ва гьеб х1алт1иги гьезда т1аса ккун буго[185].
Нижер Къеди росдада г1агарда бук1ана г1аммаб г1алах, меч1 къан бугеб заманалъ, хаслихъ мех щвезег1ан уздензабазеги жиб г1ахьалаб[186]. Меч1 къан бук1аго гьенибе боц1и беччани цо-цо чахъу ва цогидал г1адаталда рекъон рахъулел г1ак1аби росулаан нижеца, лъабго гъурущалдаса дагь ругел росулаан росдал ч1ух1буз (карти)[187].
     Гьединабго гьукъараб бак1[188]  бук1ана Сасикь росдада г1агардаги[189].
     Нижер рук1ана роол муг1рулги: «Игъадахъ» (Къедиса т1адег1ан), «Гьиндухъ» – Аргун мухъалъул (Къиялъ) г1орхъода ва Хашакь росдада г1агарда, гьенибго буго «Хъах1аб лъим» абулеб лъарги[190], «Апарат1а нахъа»[191] -  Аргун округалъул Хонокь росдада г1агарда ругел ва бугеб г1адаталда рекъон нижеца жидедаса пайда босулел рук1арал[192].  Митрада нижер бук1ана «Тазили» абун 60 саб хьалеб бекьулеб ракь[194]. Гъоркьияб Хъваршиниса нижеца босулаан 10 ц1елжо, гьединго Т1ад Хъваршинисаги, 10 ц1елжо Цихалахъаги[195]. Хушетисез нижее кьолаан цо оц ва лъабго т1имугъ. Шодродисез[196] кьолаан щуго куй. Гьеб кинабго нижер бук1араб яги нижеца босулеб бук1араб хайир буго Г1анди мухъалдаса. Къеди ва Сасикь росдал ракьал нижеца цереги рик1к1улел рук1ана ва жакъаги рик1к1ула ниж бет1ергьаналлъун. Гьединлъидалин Шамилил заман бач1инелде цебе гьел росабазул ихтияр бук1инч1еб нижер изну гьеч1ого гьеб ракьалъе щибниги гьабизе. Тушалъги Къиялъги нижер бук1араб малалъулги хайиралъулги бицараб хассаб кагъат яги сиях1ги кьезе буго нижеца.
     Къеди росулъ Шамилица ч1вана нижер умумузул 12 чи ва бахъана боц1и-мал[197], ва гьелде щвезег1ан бач1унеб бук1араб хайиралдасаги ниж мах1рум гьаруна. Гьанже лъихъаниги щибг1аги босуларо ва г1адатиял уздензабазго г1адин г1умро гьабун руго, гьезухъ ругезда бащадал ракьазда т1ад маг1ишат-яшавги гьабун. Жал Авар ханзабазул рукъалъул кколел цогидал г1адамазулго г1адинал г1адаталги руго нижер сундулъго. Г1адаталда рекъон гьабула ирсги ва ч1ужуг1аданалъе ракьаздаса яги мина-милкалдаса ирс гьабун бут1аги кьоларо. (Кьола боц1и ва гьелда релъараб цогидаб жо – И. Гъ.)[198].
     Г1урусалде буссинабуна Г1анди росулъа штабс-капитан Исмаг1ил-Арац Шамхаловас, гьесда цебеса гъул басана..
     Шодродисезги кьолеб бук1анин жидее щуго куй абун Къедиса нуцабазул г1адамаз бицараб хабаралда бан батила, х1акимзабаз гьеб росулъа ах1ун рач1арал шодродисез бицун буго гьаб хадуб бугеб хабар:
     1884 СОНАЛЪУЛ 7 АВГУСТ, БОЛЪИХЪ
     Ниж Шодрода росдал вакилзаби: 50 сон барав Агъал вас Батир, 70 сон барав Мирзах1ажил вас Шама. Цебе заманалъ ниж рук1ана эркенал уздензаби ва нижеца киданиги, Аваразул ханасе бугониги яги цогидазе бугониги лъиего магъалоги кьолеб бук1инч1о[199], цох1о, Къедиса нуцабазухъ бук1араб Игъадахъ маг1арде г1и беччан нижеца гьезие кьолаан ясахъ - цо вехьасухъ цо куй[200]. Шамилил заманалъ ниж гьеб маг1арде унароан, щайгурелъул гьанжеялдаса 50 соналъ цебе нижер тушманлъи бук1ана къиялазулгун.
     Пачалихъалъул хазинаялде босараб ва к1к1арат1исезухъги къиялазухъги жиб бугеб гьеб маг1арде ниж гьанжеги унаро. Гьеб маг1ардаса пайда боси таралдаса нахъе нижеца лъиениги ясахъги кьолеб бук1инч1о ва нижер мухъалъул цогидал уздензабазулго г1адин нижер росдал г1адамазулги руго жалго бет1ергьанал ракьал ва киданиги лъиениги нижеца гьел ракьазухъ магъалоги кьеч1о. Ниж руго кидаго нижер гьеб росулъ г1умру гьабун рук1арал г1адамал ва нижеда киданиги раг1ич1о нижер ракьазда щив вук1аниги цоги чиясул бет1ергьанлъи бук1анин. Росдал ракьал сабаблъун нижер лъилгунго киданиги даг1баги бук1инч1о. Нижер росдал 120 рукъ буго.

     КЪЕДИСА НУЦАБАЗ ИТУМ-ХЪАЛА ВА ХЬАРУ МУХЪАЗДАСА, ГЬЕДИНГО ТУШАЗУЛ 4 РОСУЛЪА БОСУЛЕБ БУК1АРАБ МАГЪАЛОЯЛЪУЛ СИЯХ1
     1884 соналъул 4 августалъ Болъихъ бицараб хабаралда жаниб Къедиса нуцабаз абулеб буго «Къиялъ ва Туш мухъалдаса нижер умумуз босулеб бук1араб жоялъул х1акъалъулъ нижеца хъвазе бугин хассаб кагъаталда». Гьеб кагъат Туплисалъул архивазда буго ва гьелъул раг1аллъабазда гьадин хъван буго[201]:
«Къедиса нуцабазул Тушалъ ва Терек областалда (Къиялъ) бугеб буголъиялъул х1акъалъулъ». «Гьиндухъ гьезул бук1ана 7 г1иял къайи. Жидер умумузе гьеб бат1и-бат1ияб буголъи кисан щвараб бицизе гьезда лъач1о», «(Гьезул)12 рукъ буго Къеди, 2 рукъ буго Сасикь. Киназдаго абула Алдамилалин, Авариялдаса вач1арав гьезул к1удияв эмен Алдамил ц1аралда».   
     Таржама[202]:
     Ниж Къедиса амирзаби[203] ккола аваразул амирзабазул наслаби[204].
     Тушаз[205] ва къиялаз[206] ниже кьолеб бук1ана харадж[207] ва джизят[208].
     Гьениб (Къиялъ – И. Гъ.) буго нижер «Гьиндухъ» абун мег1ер[209], гьанир хадур рехсарал бак1азул г1орхъабазда жиндир г1орхъаби щвараб:
     - «Ашахъан ч1вараб» ан абулеб бак1алдаса[210] Алдамил ицда щвезег1ан[211];
     - Апараг мег1ералъул Аргуналдехун балагьараб рахъалдаса чвахулеб лъарахъе щвезег1ан. Гьеб лъар жубала Аргун г1оргун;
     - гьениб г1агарда бугеб «Хуляб мег1ер» абулеб гох1[213], гьеб гох1 буго Хашакь росдада аск1об, гьелъул бет1ергьабиги руго хьарусел[214];
     - «Бо решт1улеб майдан» абулеб бак1алдаса байбихьун[215] АпаратIа маг1арде щвезег1ан[216]; - хонокьисезул байдабазде щвезег1ан. Гьениб аск1об буго мег1ер «Бо рештулеб лъараг1» ин жинда абулеб[217].
     Хонокьисезул[218], ГьагIмадисезул[219] ва Хашакьисезул[220] щибаб рукъалдаса нижеца босула цо-цо къали ролъул[221]. Сандакъурисазухъа[222] ва кIеселисезухъа[223] босула ункъ-ункъ куйги к1и-к1и хухги. Хьарусезухъаги[224] гьединго – ункъго куйги к1иго хухги. Гьединго ункъго куйги к1иго хухги босула Шекъери росдадасаги[225], гьединабго къаг1идаялъ босула Гьиндухъаги[226].
     Х1ашари[227]  росдал жив-жив балугъав чиясда (ХIашари – Хьачара(чеч.) – И. Гъ.) т1адаб буго к1и-к1и гулаги бисил т1омалъул цо ралъхъенги нижее кьезе.
     Зумсур[228] росдал жиб-жиб рукъалда т1адаб буго нижее баща-бащадаб къали ролъул кьезе. Тушетиялъул ункъго росдадаса, гьелги – Шенак1о, Омало, Дагъалди ва Агибурти[229], нижеца росула г1орц1маби яги ункъго тумен[230] г1арац. Гьеб бак1аризе ва босун вач1изе арав чиясе нижеца кьола ич1го марсум[231].
Гьаб кагъат нижеца хъвана нижер гьеб буголъиялъул суал роц1ц1инаби мурадалда. Нижги Къедиса Алдамил вас Ашахъан[], Ханбулатил вас Х1амзат ва Г1алисултанил вас Г1алисултан. Нижго хъвазе-ц1ализе лъаларел рук1иналъ гьаб кагъат хъвазе нижеца т1ад къана Нурмух1амадида.
     Дун Зибирхьали росулъа Х1асанил вас Нурмух1амад. Жидеда хъвазе-ц1ализе лъаларин гьал г1адамаз абидал гьезие гьаб кагъат хъвана дица 1884 соналъул 5 октябралъ.
     Нахъе ц1унун хут1ун буго г1араб мац1алъ бугеб цогиги кагъат, Къедиса уздензабазул ц1аралдаса хъвараб, пуланал чаг1и жидер вакилзаби ругин, жамаг1аталъул рахъалдаса х1укуматгун к1алъазе рит1арал. 
     Таржама[232]:
     Г1анди мухъалъул х1аким, гиназ Бебутовасухъе.
     Цинги.
     Гьаб кагъатгун духъе рач1арал Г1абдукъадирил вас Х1амзатги Мух1амадил вас Г1алиги руго нижер жамаг1аталъул вакилзаби, дуе лъазе бокьараб жо к1ванаг1ан бит1ун ва рит1ухълъиялда дуда бицизе духъе рит1арал. Нижер росабазул ва ракьазул х1акъалъулъ, нижер г1адамазул гьоркьоблъиялъул х1акъалъулъ, ракьаздаса пайда босиялъул, г1адлу-низамалъул ва гьел ракьазул г1орхъаби сабаблъун нижеда гьоркьоб лъугьунеб-бахъунелъул х1акъалъулъ.
     Гьаб кагъат буго Къеди росдал жамаг1аталъул рахъалдаса.
     1884 соналъул август моц1алъул лъабабилеб къо.
     1884 СОНАЛЪУЛ 5 АВГУСТ. БОЛЪИХЪ
     Ниж, Г1анди мухъалъул Къеди росдал вакилзаби, Мух1амадил Г1али ва Г1абдулкъадирил Х1амзат. Кавказалда бугеб Наслабазул ва Ракьазул суал т1убаялъул идараялъул х1алт1ухъан подполковник Симонов нуг1лъиялъе вугеб бак1алда нижеца бицана гьаб хабар:
     Нижер буго нек1сияб росу, гьединлъидал гьанже ниж ругеб г1адин, цере нижер умумулги кидаго гьенир г1умру гьабун рук1ана ва гьез жидерго буголъиялъул г1адин бет1ергьанлъи гьабуна гьенир ругел, гьанже нижехъ ругел ракьазда ва г1алахазда т1ад, нижее жал нижер умумузухъа ирсалъе щварал.
     Гьел нижер ракьал ричизе нижее лъицаниги киданиги гьукъулебги бук1инч1о, гьединго мажгиталъе васигат гьаризеги, цоги нижее бокьараб гьабизеги, умумузего г1адин нижееги гьукъизе лъидаго к1олебги бук1инч1о. Кин ва киг1ан нижеда лъалеб,  гьединго нижер мадугьалзаби сасикьазулги силдисезулги, Г1анди мухъалъул цогидал росабазул уздензабазул рук1аразда ращадал г1адаталги ихтияралги рук1ана нижерги сундулъго ва нижер росабиги унаан Г1анди мухъалъул эркенал росабазул г1аммаб цолъиялда гьоркьоре.
     Нижер росабалъ нуцаби раккиялъул х1акъалъулъ нижехъ буго гьадинаб бицен:
Ункъго г1елалъ цере гьел нуцабазул умумул рач1ана нижехъе Хунзахъа ва к1к1арат1исезул кумекалдалъун[233] решт1ана росулъ. Моц1 г1анаб заманалъ нижергун рагъги гьабун гьезие бокьун бук1ана нижеда т1ад магъало лъезе, амма гьезда гьеб гьабизе к1веч1о, цох1о нижер умумуз т1ад боси гурони, къогоги, къогоялдаса ц1ик1унги г1и бугел чаг1аз цо-цо чахъу гьел нуцабазе кьезе. (Къедисезул цогидав вакилас кинабго жамаг1аталъул ц1аралдалъун инкар гьабулеб бук1аниги гьединаб т1адбоси бук1араблъиялдаса, Мух1амадил Г1алица гьеб т1адбоси бук1анин ч1езабуна). Гьел нуцабазда цебе нижер жамаг1аталъул цоги кинабг1аги т1адбосиги бук1инч1о, щибг1аги гьезие гьабизеги кколароан, гьабулебги бук1инч1о киданиги.
     Гьебго заманалъ гьел нуцабаз х1ал гьабун нижер ракьазул ункъго бак1 ккуна: «Ц1аданикь», «Гъажалт1а», «Лабалт1а» ва «Гьандабури»[234]. Шамилица гьел ракьал байтулмаллъун гьарун рук1ана, амма гьев къун хаду х1укуматалъ гьел нуцабазухъ т1ад руссинаруна[235]. Гьел руго гьезул хурзал т1ад ругел ракьал.
     Жамаг1аталъул г1аммал ракьаздаса, г1алахаздаса ва рохьаздаса (..?) нуцабаз пайда босула цогидал нижер уздензабазго г1адин гьезда бащад. Нуцабазе чахъаби кьей нижер уздензабаз цебего тана - Гъазимух1амад имамасул заманалдаса цебе. Росдал киналго ракьал нижеца рик1к1ула ниж бет1ергьаналлъун.
     Жиндир заманалъ Шамилица цебе рехсараб гьеб ункъабго бак1алдаса босулаан харилги т1ощалилги бач1иналъул бащалъи (..?).
     Нуцабазул рукъзал нижер росулъ руго.
     Нижеца киданиги нуцабазухъа ракь ижараялъе босуларо.
Нижер жамаг1аталъул буго мухь кьун босулеб мег1ер, «Цебемег1ерин»[236] жинда абулеб. Шамилица нижехъа гьеб мег1ералъухъ щибго босулароан. Гьеб маг1арда нижецаги нуцабазги цадахъ цого ихтияралда хьихьула г1и-боц1и.
Нижер ракьал лъалъалел гьеч1о.
     Росулъ буго 120 рукъ ва киналго ккола эркенал уздензаби.
Г1адамазухъ ругел ракьазул бищун ц1ик1араб буго 40 саб хьалеб, бищун дагьаб – 1 саб хьалеб. Дагьаб бук1унги ракь гьеч1ев чи нижехъ гьеч1о. Ахалги нижер гьеч1о. Буго бак1 дагьабго заз-хъарахъ бижараб.
     Цебе росдае бет1ерлъи гьабизеги г1адлу-низамалъеги толев вук1ана 4 чи ч1ух1бузул (Картал). Гьезул лъабгоял рищулаан уздензабазда гьоркьоса, жамаг1аталъухъа разилъиги босун, ункъабилев толаан нуцабазда гьоркьоса.
     Шарг1алъул суалал т1уралаан къадияс.
Буголъи бикьула ва ирс гьабула кидаго шарг1алда рекъон, ч1ужуг1аданалъе ракьалдаса ва мина-милкалдаса бут1аги кьола. Г1ак1аялъе бахъулеб жоги кидаго цох1о жамаг1аталъе пайдаялъе бач1уна ва гьелдаса нуцабазе яги цоги лъие бук1аниги бут1аги кьоларо. Нижеда киданиги раг1ич1о нижехъ ругел ракьазда нуцабаз даг1ба гьабулеб бук1анин ва нижерги гьезулги гьеб сабаблъун хабарги ккеч1о, г1арзалги рук1инч1о.

     ПРИМЕЧАНИЯ К ПЕРВОЙ ЧАСТИ:

[1] Гьеб кеч1 авторасда бицана 1978 соналъ Амирх1амзал Сурхайил Сакинатица.

[2] Х1апизов Ш. НекIсияб Къеди // Казият «Миллат». МахIачхъала, 2015 с. № 6.

[3] М. Х1усейнов.«Союз сельских общин Ункратля», стр. 2.

[4] «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу». Хунзахъезул аби. Хъайтмаз Патаг1алиев Аварский.

[5] Ахмадов Я.З. Очерк исторической географии и этнополитического развития Чечни в XVI-XVIII веках. С. 141.

[6]АйтберовТ.М. Древний Хунзах. Махачкала, 1990. С.30.

[7]АйтберовТ.М. Древний Хунзах и Хунзахцы. Махачкала, 1990. С. 5-8.

[8]Х1усейнов М. Союз сельских общин Ункратля. С. 3-7.

[9] Магъало кьезе инкар гьабураб цо Къиялазул росдал х1акъалъулъ гьадинаб бицен буго Къеди. Гьеб такъсиралъухъ тамих1 х1исабалда гьезда т1ад гьабун буго, жидеца кьезе кколеб жоги баччун, гьеб бак1арулеб бак1алде щвезег1ан нахъех1ат1ил рач1ине.   

[10]ЦГВИА. Ф. 205. Оп. 1. Д. 132. Л. 1-2.

[11] Агъларов М. А. Сельская община в Нагорном Дагестане в XVII-ХIХ вв. М., 1988.

[12] АйтберовТ.М. Древний Хунзах и Хунзахцы. Махачкала, 1990.

[13]Х1усейнов М.Союз сельских общин Ункратля. С. 3-8.

[14] Гьенибго

[15] Гьенибго

[16] Гьенибго

[17] Гьенибго

[18]Движение горцев Северо-Восточного Кавказа в 20-50 годах XIX в. Мах1ачхъала, 1959. С. 18.

[19] Къедиса нуцабазул наслуялъул г1адамал рук1ана К1ванкьадаги, Хъваршиги. (Амирх1амзал Мух1амадилал).
[20] Гьоркьохъел г1асрабазда жидер рукъалъе, х1акимлъиялъул ишазе ва, хасго, рагъулал ишазе жал ч1аго ругебг1ан заманалъ гъулухъ гьабулел г1адамазе ракьалъул бет1ергьабаз кьолел рук1арал ракьазда абула бенефициялин. Гьединаб ракь жиндихъ бугев чияс къот1и хвезабуни ракьалъул бет1ергьабаз гьеб гьесухъа бахъула. Гьединго, гьев чи хведалги ракь бет1ергьабазухъ т1ад буссуна. 

[21] Лен абула, цо ракьалда т1ад тарав чиясе (вассал), гьев чи гьенив т1ад тарасухъа (сюзерен) щвараб ракьалда.

[22]Х1усейнов М. Союз сельских общин Ункратля.

[23] Аноним Муслима из Урады (XV-XVIвв.). Таржама Т. М. Айтберовасул.

[23] Биценал. Къедиса Г1алихъиличил Мух1амадкамил.

[24] Т. М. Айтберов. Древний Хунзах и Хунзахцы. С.37

[25] Гьенибго. 38 гьум.

[26] Гьенибго. 65 гьум.

[27] Гьенибго. 38 гьум.

[28] Д. М. Мух1амадовасул х1аракаталдалъун тарихияб г1елмуялда лъараб, Ункъракьалда бугеб бицада рекъон Суракъатил васасда ц1ар бук1ана Байсар.

[29] Полевой материал. РФ НИЯЛ. Ф. 1, оп. 1, ед. хр. 483,лл. 2-3

[30] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля. С. 5.

[31] Гьебго тайпаялъул ганч1ида бик1араб алфавит батана Къеди Ц1ад гьарулеб маг1арда, гьеб росдал школалъул географиялъул муг1алим М. Гъазиясе.

[32] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля. С. 6.

[33] Биценал. ГIалихъиличил МухIамадкамил.

[34] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля. С. 6.

[35]Гьенибго. 7 гьум.

[36] Шаг1бан Х1апизов

[37] А.М. Завадской, 1903г. С. 24

[38] Абизе бегьула гьел т1ад руссунги рач1унел рук1анин. Къедиса уздензабазул тухумалъул цо г1адамаз абула жал Гуржиялъ ругел гьел, цере рехсарал росабалъа рач1арал ругин. 

[39]Биценал.

[40] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[41]Гьенибго. 7 гьум.
[42] Гидатль: Исторические этюды. Автор: Ибрагимхалил Бутаев. Махачкала, 2013г. С. 41.

[43]Хъвай-хъваг1ай гьабуна Г1анди росдал къади Г1али-мирзаца 1485 соналъ

[44]Тарихчи М. Д. Мух1амадовасул пикруялда рекъон, тарих г1елмуялда жаниб МИЯСУ буго гьат1ан.Тарихчи М. А. Агаларовасул пикруялда рекъон бакът1ерхьул рахъалда бук1араб г1орхъи щиб бак1алда бук1араб лъалеб гьеч1о, щайгурелъул Г1андуник1ил васияталда т1ад бихьизабун гьеч1о гьеб гьат1ан бук1араб бак1. Цо биценалда рекъон гьеб бук1инеги рес буго Хунзахъ росдада т1ад бакът1ерхьул рахъалада маг1арда бук1араб гьат1ан. (Яги Миг1арсо росу бугеб бак1 – И. Гъ.)

[45] Т. М. Айтберов. Древний Хунзах и Хунзахцы.

[46] Хашаев Х. – М. Феодальные отношения. С. 126-127.

[47] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[48] Хашаев Х. – М. Феод. отношения. С. 127

[49]Къеди ва Ункъракьалъул цо-цо росабалъги буго бицен гьел ракьал Къедиса нуцабаз гьидерихъа росарал ругин. Гьеб бицен рит1ухъ гьабула Къеди жакъаги бугеб «Гьидерил хабал» абулеб бак1алъ. Биценал.
[50]«Ункъракьалда бук1араб жидер ракьги бичун щвараб меседалъухъ Гьидалъа Хизрица Гумбетазул Нахъбак1 босун буго». Биценал. Къедиса Нуцалханов Г1алиасх1аб.

[51] Хашаев Х. – М. Указ. Соч. С. 136.

[52] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[53] Хашаев Х. – М. Указ. Соч. С. 136. Къедиса нуцабазул ирсилазул хабар. Болъихъ. 1884 сон. 4 август.

[54] Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ 1846 соналъ И. Д. Цискаревас хъвараб ва Туплисалъул «Кавказ» казияталда бахъараб макъалаялда жаниб абулеб буго, гьелда цебесеб сон Дагъистаналъул ва гуржиязул мугIрузда букIанин хъарцинаб, хурул бачIин цIакъ дагьаб, гьеб гIиллаялдалъун гIадамал ракъараб. «Жиндие цо ишалдаса щвезе бегьулеб жоялъул хIисаб гьабулаго гIалхулав магIарулав урхъун гъира-шавкъалда вукIуна гьелда тIалъи гьабизе щвеялда. КIиго бутIалъ вачуна гьев хIикматал гьунарал гьариялдеги: рецIел босизе бокьиялъ ва гьелдалъун жиндие бугеб хайиралъ. Чабхъад хьвадулел эркенал магIарулазда гьоркьов бищунго жоялдаса нахъе къаларев, рагъулъги жив киназдасаго бахIарчияв Алдамил къимат Дагъистаналъго гьабулаан ва гьединлъидал, авлахъазул ракълилал росабазде тIаде магIарулаз гьарурал чанги битI ккараб чабхъеналъе бетIерлъиги гьес гьабуна. Мадугьалзабазде тIаде кIанцIиял гьариялдалъун мугIрузул ракьалъул мискинаб бачIин гьездаги жидедаги гьоркьоб хвалчаца бикьулел рукIин гуро тIокIаб иш жидеда лъаларел цогидал магIарулалго гIадин гьевги гьеб ракъул соналъ мискин вукIана. Гуржиялъ, Дагъистаналъул гIорхъода бугеб Чагъали мухъалъул тушазул бечедал Дикло ва ШенакIо росабиги цогидаб сверухълъиго гIадин хурукълъиялъ зарал ккарал рукIана, гьединлъидал гьеб соналъ мадугьалзабазе кьезе кколеб магъало кьечIого чIана. Гьеб иш сабаблъун ва цебеккунги жиндир гьезда цин букIарав Алдамиги гьездаса рецIел босизе гIедегIана. [Цискаров И., 1846]». Ю. Карпов. Взгляд на горы. Взгляд с гор.

[55] Институт истории АН СССР, ОРФ, Б, разд. 5, д. 12. С. 147-148.

[56] Сулейманов А1хмад. «Топонимия Чечни». С.150

[57] См.: Архив Института рукописей им. К.Кекелидзе (Республика Грузия, г. Тбилиси)    Ф.ROS. Д.174. Л.122; Сигаури И.М. Указ. соч. С. 468

[58] Ш. М. Х1апизов. Ума-нуцал (Умахан) Великий. С. 20.

[59] Айтберов Т.М. Аваро-чеченские правители из династии Турловых и их правовые памятники XVII в. Махачкала, 2006. С. 69 270

[60] Жакъа нилъеда лъалел тарихиял баяназда мугъч1вайги гьабун рак1ч1ун абизе бегьула Турловалги Алдамилалги – к1иялго хундерил ханзабазул рукъалъул чаг1и, рук1анин Авар ханлъиялъул бакът1ерхьул рахъалда раг1алда ругел, цоцада цурал к1иго мухъалъул амирзабилъун. Алдамилал – Ункъракь –Ч1амалазул ва Аргун г1орул жаниблъиялъул т1асияб рахъалда, Турловал – бакълъулазул ва Аргун г1орул жаниблъиялъул гъоркьияб рахъалда, гьединго Сунжа г1орул кваранаб раг1алалдаги Ч1ег1ерал, ай рохьазул ц1урал муг1рузул ахалъабаздаги гьоркьор ругел ракьазда.

[61] Рукфонд. Дагестанский научный центр. Фонд востоковедения. Материалы археографической экспедиции М. Гайдарбекова. 1959 г.

[62]  Сулейманов А1хмад. Указ. соч. С. 1032120; Ильясов Леча. Указ.соч. С. 332-333

[63]  Магомедов Р. М. История Дагестана. Учебное пособие. Махачкала, 1998. С. 101-102. С. 170

[64] Ш. М. Х1апизов. Ума-нуцал (Умахан) Великий. С. 62.

[65] Ш. М. Х1апизов. Ума-нуцал (Умахан) Великий. С. 23

[66] 1844 соналъул цо хъвай-хъваг1аялда жанив Алдам рехсон вуго Гьаквари (Хаквари), Кьохъ (Тлохо), Силди росаби цолъараб г1уц1ц1иялъул к1удиявлъун ва Къеди (Кияда) росдал бет1ергьанлъун.[Мочульский (А), ч. 1, л. 73, 134]. (Гьаниб бугеб «Кияда» «Къиялъ» бук1инеги рес буго – И. Гъ.).

[67] Ю.Дадаев. По тропам шамилевских сражений. г.Махачкала. «Юпитер» 1997 г.

[68] И.Д. Цискаров. "Лозы любви". Кистинское предание

[69] Гьанир гъоркьехун рехсарал бак1азул ц1арал, Аргун г1орул т1асияб рахъалда гурони, Чачаналъ цоги бак1азда данд ч1валаро.

[70]Къевди мег1ералъул Нашахалъул рахъалда бугеб бак1.

[71]Къевдин – (аланазул мац1алда – кверкьеялъул гор, рохалилаб байрам, г1алахалде ун квана-гьекъезе г1одор ч1ей (пикник). Гьеб Къевдинги Къедиги ц1акъ цоцада релъарал ц1арал руго. Жибго Къеди росу бугеб бак1ги релъун буго рохьазги,г1алахазги, г1емерал лъарал жидедаса чвахулел г1урччинал муг1рузги гор гьабун сверун ккураб к1удияб гъадароялда, Аллагьасго жиб байрамал т1орит1изеги, рохалилал г1одорч1еял гьаризеги бижараб г1адин. 

[72] Г1умахан – Къедиги Хунзахъги нуцабазул тухумалъул бихьиназул ц1ар.

[73] Хушпар (Хочбар) – гьидалъезул халкъияв бах1арчиясул ц1ар. Гьеб ц1ар Чачаналъ баккиялъе г1иллалъун бук1инеги бегьула XIV – XV г1асрабаз Дагъистаналдаги Чачанлъиялдаги Гъумекиса шамхалазул бук1араб т1алъи, жидер ханлъиялда гъоркь ругел ракьаздаса магъало бак1аризеги гьениб амирлъи гьабизеги г1адамал рит1арал.

[74] Балагье Мух1амад Рафил «Тарих Дагъистан» т1ехьалда бугеб Суракъатил вас Баярил х1акъалъулъ хабаралда. Хут1араб жиндир аскаргун Г1анди г1орул т1асияб рахъалде арав ва гьенив г1умру гьабун ч1арав.

[75] Бук1ине бегьулеб жо буго гьеб ц1аралъул маг1на «Къедисезул г1алахалъул г1орхъода» ян бати.

[76] Балагье гьаб т1ехьалда бугеб, Шамил имамас Алдамихъе хъвараб кагъаталда. 

[78] Бабаюрт районалда буго Гъоркь-Гьаквариса ч1амалузул «Ургалай» абун гъутан.

[79] Бурашилал руго Къедиса. Гьез жалго рик1к1ула нуцабазул наслуялдаса.

[80] Гъанбулат абун ц1ар буго Къедиса нуцабазул наслуялъул бихьиназул.

[81] Суракъатилал абун тухум буго Гьакъо. Гьез жалго рик1к1ула Къедиса нуцабазул наслуялъул чаг1илъун.

[82] Къедиса нуцабазул наслуялъул бихьиназул ц1ар ккола Нуцалхан.

[83] Жалго чачаназул ханзаби рук1инч1о. Гьез гьел ах1улаан жидеда т1алъи гьабизе мадугьалихъ ругел халкъаздаса, хасго Дагъистаналдаса.

[84] Суракъат ханасул вас Байсар. Балагье Мух1амад Рафил «Тарих Дагъистан» т1ехьалда.
[85] Ц1унт1асез жидедаго Цезалин абула. Гьеб мег1ералъул г1орхъи буго Ункъракьалъулгун.

[86] Азание абун хъанч бук1ана нек1сиял мушриказул. Ункъракьалда буго раг1и «Г1азана-ллагь!» ин, «Аллагьас ц1унаги!» абураб маг1наялда жиб абулеб.

[87] Апарат1а мег1ер буго Ункъракьалда.

[88] Алдам-хи – Алдамил иц. Буго къедисезулги гьаг1мадисезулги ракьазул г1орхъода.

[89] Инкота – Инко – гьединаб ц1ар бугеб бак1 буго Къедиги.

[90] Пари – Къедиса нуцабазул наслуялъул руччабазул ц1ар.

[91] Сулиял абун тухум буго Къеди.

[92] Хъвана Силдиса Камилов Амирх1амзаца. Забруялда кьабизе х1адурана Т. М. Айтберовас.

[93] Ункъракьалъул цо бут1а ккола Г1анди г1орул кваранаб рахъалда ругел Хулугани, Ч1ипир ва Татузахъ муг1рул.

[94] Сасикьа Ах1маднабил Саидмух1амадица бицана. (90 сон).

[95] Къедиса Х1асанов Къурбандибирас бицана.

[96] Дибир Аварский (Инквачилав). Шамилил рук1арал бищун лъик1ал наибзабазул цояв.

[97] Тарихчаг1азул пикруялда рекъон гьеб къот1и-къай гьабуна ва хъвана 1720 – 1730 соназ.

[98]  Ишкиль –налъуласухъа х1ал гьабун налъи бахъизе г1оло, гьесул боц1и кквей.

[99] 1748 соналъ К1к1арат1а мажгиталъул мадрасалда муг1алимлъун вук1ана К1к1арат1аса Титаласул вас Мух1амад. Гьесухъ ц1алула вугеб заманалъ Мелъелт1аса Мух1амадил вас Мух1амадица хъвана «Джалал» т1ехьалдаса т1ехь. (Гьеб т1ехь ц1унун буго Мелъелт1аса М. А. сулеймановасухъ). Гьеб баян жиндиего хъван буго Мух1амад Инквачилас.

[100] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[101] Къеди ругел биценаздаса.

[102] Бук1ине бегьулеб жо буго мажгиталда гьеб къоялъ нуцабиги гьезул рахъ кколелги рак1арун рук1ун рати. Г1иллаги бук1ун батизе бегьула Къеди муридзаби рач1изе рук1иналъул хабар щвей ва ккезе бегьулеб, гьабизе кколеб жо данд бай.

[103] Сайт «Кавказская политика», Магомедгаджи Аличуалав, Автор блога Кавказские республики –    Тиндал и Калалал.

[104] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[105] Гьенибго.

[106] Гьенибго.

[107] Къеди ругел биценаздаса.

[108] «Восстание», Т. М. Айтберов

[109] Эчеда ва Гьиндуха муг1рул руго цоцада рухьарал. Цояб раг1ал байбихьула Г1анди г1орул к1к1алахъ, цогидаб уна Хьаруб г1орул к1к1алахъе Чачаналъ. Гьезул г1аркьелазда, щобазда ва жанирлъабазда руго Эчеда, Силди, Гьакъо, Гьиндуши, Гьаг1мади, Хонокь, Хашакь ва цогидалги росаби.
[110] Биценал. Г1алихъиличил Мух1амадкамил.

[111] Х. – М. Хашаев. «Общественный строй Дагестана в 19 веке». Москва 1961 г.

[112] См. «Восстание», Т. М. Айтберова

[113] Живго Шамил Къеди щвеч1о ва гьесда лъала бук1ун батич1ого бук1инеги бегьула гьел къояз жиндир муридзабаз Къеди гьабула бугеб жо.

[114] Къеди ругел биценаздаса.

[115] Къеди ругел биценазда рекъон гьев Чупалав абулев чи мурид вук1ун гьеч1о. Нуцабазул рокъов рагьдателлъун вук1арав чи гьев, Кавуда си бух1изе муридзабаз гул баччулелъул т1оцеве лъугьун вуго кумек гьабун гьеб баччизе. Гьеб бихьарав Алдамица т1оцебе гьесда реч1унги буго. (Къедиса Хъиличил Г1абдухаликъил хабар). Дир х1исабалда, гьеб гъачагълъи гьабизе Къеди рач1арал муридзабазул церехъаби – наибзабазе (гъачагълъи гьеб бук1араблъи баян гьабулел г1емерал далилал руго) пайда бук1ана гьев мурид вук1анин хабар беччеялъул, щайгурелъул жалго муридзабазда гьоркьоса гьеб къоялъ цоги чи ч1ванин кибго бихьизабун гьеч1о.
[116] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[117] Къеди ругел биценаздаса.

[118] Ю. Дадаев «По тропам шамилевских сражений» г. Махачкала. «Юпитер» 1997 г.

[119] Ю. Карпов. «Взгляд на горцев. Взгляд с гор»

[120] «Цинги, шариг1аталъул заманалъ ч1вана бищун лъик1ал къедисел. Гьел рук1ана ракълилал г1адамал. Гьезул руччаби къороллъана, г1иссинал лъимал нахъе хут1ана». Ункъракь-ч1амалазул наиб Дибир Аль-Авари (Инквачилав. Шамилил рук1арал наибазул бищун лъик1аздаса цояв). 30 рабиг1ул авалалъул ахир, шамат къо, 1289 сон.

[121] Къеди ругел биценаздаса.

[122] Т. Айтберовасул таржама.

[123] Рукописный фонд ДНИИИЯЛ, д. 1744, стр. 76.

[124] «Кавказский сборник», т. 6. Тифлис, 1882, стр. 43.

[125] Там же, ф.1268, оп. 1, д. 545. Политический обзор Дагестана, 1844, л.33, об.

[126] ЦГИАЛ, ф. 205, д. 132, л. 177.

[127] Х. – М. Хашаев.

[128] Р. А. Фадеев. Собр. соч., т.1, ч. 1. СПб. 1889 г. С. 21.

[129] Там же. С. 34

[130] Бусурзабаз рахъарал ракьазда т1ад гьелде щвезег1ан цоги дин гьабун бук1арал, исламалде рач1ич1ел г1адамазухъа босула хараджги джизятги. Ислам босидал гьел джизяталдаса эркен гьарула, амма харадж кьезе т1амула.

[131] Гьигьалъа Иманмух1амадил хъвай-хъваг1ай. Т. М. Айтберовасул таржама.

[132] Х1ажи-Али. «Сказание очевидца о Шамиле». С. 75, 79

[133] Шамилил наибазул цояв. 1844 соналъ Къеди росу бихизабиги къедисел ч1вайги тарих г1елмуялда жаниб жинда г1унт1изабулев.

[134] Магомедгаджи Аличулав. Сайт Цумада.ру

[135] «Кавказские войны России». Энциклопедия А. Куликова.

[136] «Сатрап». Часть 2. Ахмадулмухтарил Магомед

[137] Магомедгаджи Аличулав. Сайт Цумада.ру

[138] Жиндир муридзабаз Къеди гьабураб жо бицизе Шамилихъе унев Гъанбулат нухдаго ч1вайги буго гьезул гьеб иш гъачагълъи бук1араблъиялъе цогиги нуг1лъи.

[139] Гьаниб хабар буго XVIII г1асруялъ т1индисезги к1к1аралазги гьабун бук1араб къот1иялъул х1акъалъулъ.

[140] Кавказские республики – Тиндал и Калалал. Магомедгаджи Аличулав. Автор блога. Сайт Кавказская политика.

[141] Дир х1исабалда, гьеб ишалъул х1асил лъик1аб ва пайда кьолеб бук1ине г1оло гьабун батизе буго амру гьеб бак1ги гьелда сверухъ ругел муг1рулги байтул-маллъун гьарейин. Гьединго гьеб маг1дан бахъулеб бак1алда жидерги ихтияр бугел къедисазухъа гьеб ихтияр бахъиналъе г1ологи.

[142] АКАК, том 12. Тифлис, 1882. С. 1401

[143] ЦГВА, ф. 400, л. 45. Хашаев Х. – М. «Общественно-экономический строй Дагестана в 19 в.

[144] Содержит ответы Шамиля на запросы Руновского

[145] М. Х1усейнов. Союз сельских общин Ункратля.

[146] Гьеб хъвай-хъваг1ай ц1унун буго Г1алихъиличил Мух1амадкамилихъ.

[147] Гьев ккола Сунжаялдаса чачанав, Ункъракь ва Ч1амал мухъазда т1ад г1урусаз тун вук1арав наиб. (Гьаквариса ?)

[148] Таржама гьабурал: Туначилазул Мух1амад ва Амирх1амзал Исмаг1ил.12 шавал, 1436 год. /28 Июль, 2015 год.


[149] Балагье Къедиса Аларханил Шарунабил ва Сасикьа Ах1маднабил Сайидах1мадил хабаралда.

[150] Асиятилов С. X. Историко-этнографические очерки хозяйства аварцев (ХIХ-пер. пол. XX вв.). Махачкала, 1967. С. 39-40.

[151]ЦГВИА. Ф. 400, д. 45. Л. 512.

[152] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3, ед. хр. 132 б. Л. 4-6.

[153] ЦГА РД,Ф. 2. Оп. 3. Д 143-2, л. 79-80. Переписка Наместника на Кавказе, 1907 г.

[154] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3. Д. 143-2, л. 35. Там же.

[155] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3. Д. 143-2, л. 98 а. Там же.

[156] Къедиса нуцабазул наслуялъул чи К1удияв Мух1амадица хъвараб кагъат.

[157] ЦГВИА, ф. 400, д. 45, л. 402. Г1араб мац1алдаса буссинабураб.

[158] АКАК. Тифлис, 1882. Т. 12. С 1401.

[159] ЦГАРД.Ф. 171, оп. 1.Л. 12-18.

[160] ЦГА РД. Ф. 2, он. 3, д. 1436. Л. 4-6.

[161] М. Х1усейнов. «Союз сельских общин Ункратля», стр. 68.

[162] 1871 сон. К1удияв Мух1амад.

[163] ЦГА РД, ф. 2, оп. 3, д. 1436

[164] Бобровников В.О.. Мусульмане Северного Кавказа: обычай, право, насилие : Очерки по истории и этнографии права Нагорного Дагестана /В.О. Бобровников. — М.: Вост. лит. — 368 с., 2002

[165] ЦГА НКВД Дагестанской АССР. Фонд 88, опись № 1, ед. хр. 8

[166] ЦГА РД. Фонд 88, опись № 1, ед. хр. 8

[167] ЦГА РД. Фонд 88, опись № 1, ед. хр. 8

[168] Амирх1амзал Исмаг1илил Рамазан. (На основе изучения одного документа, представленного фамилией кедибских нуцалов Алдамилал).

[169] Шихсаидов А.Р. Дагестанская историческая хроника «Тарих Дагестан» Мухаммада Рафии // Письменные памятники Востока. 1972. М., 1977. С. 108.

[170] Хапизов Ш.М. Ума-нуцал (Умахан) Великий (очерк истории Аварского нуцальства во второй половине XVIII века). Махачкала, 2013. С. 183.

[171] Волкова Н.Г. Этнический состав населения Северного Кавказа в XVIII – начале ХХ века. М., 1974. С. 207.

[172] Гайдарбеков М. Хронология истории Дагестана. 1970-71 гг. // Рукописный фонд ИИАЭ Ф. 3. Оп. 1. Д. 236 (XIII). Л. 368.

[173] ЦИАГ. Ф. 231. Оп. 1. Д. 95. Л. 4.

[174] ЦИАГ. Ф. 231. Оп. 1. Д. 95. Л. 5об.

[175] ЦИАГ. Ф. 231. Оп. 1. Д. 95. «Прошения разных лиц об отыскивании ими личных прав (из россыпи)». Без даты. 11 Л.

[176] Къедиса Амирх1амзал Мух1амадил таржама.

[177] Шамилил заманалдаса цебениги яги хадубниги ругел г1араб мац1алда гьарурал хъвай-хъваг1аязда жанир кирниги гьел г1адамал бегалин яги ч1анк1абийин рихьизарун гьеч1о, амма г1урасаз т1ад ч1ун гьезда беглъи ч1езабун буго. Гьеб ишалъулги буго цо мурад – гьел г1адамазул къадру г1одобег1ан гьаби.

[178] Хъилич Алдам-огълы – (Алдамилал), Х1амзат Гъанбулат-огълы – (Гъанбулатилал), Г1алисултан Ах1мад-хан-огълы – (Гъанбулатилал).

[179] Нуцабазул наслуялъул лъабго г1аркьелалъул 14 хъизан. Т1оцересеб г1аркьел Алдамилал, рач1ана г1ага-шагарго XIII г1асруялъ. К1иабилеб г1аркьел Гъанбулатила, рач1ана XVI г1асруялъ. Лъабабилеб г1аркьел Амирх1амзалал, рач1ана XVIII г1асруялъ.

[180] Х1ажиг1алил вас Гъанбулатил Мусалав. Х1ажиг1али вуго Булач-нуцалил вац. К1иявгоги ккола XV г1асруялъ Авариялда ханлъун вук1арав Ибрагьим-нуцаласул вас Мух1амадмирзал лъимал. Х1ажиали Хвалчадулас Г1ахьвахъ ва сверухъ ругел ракьазда ислам т1ибит1изабуна. Марко Шахбанов.

[181] Гьеб бук1ине бегьула гьес жинцаго гурев, Булач-нуцалас жиндирго вац Х1ажиг1али ч1ваялда бухьараб бицен. См. Айтберов Т. Компиляция Гебека Сиухского как источник по истории Дагестана ХV-ХVI вв. // Всесоюзная школа молодых востоковедов (Тезисы докладов и сообщений молодых ученых). Москва, 1980. Т. II. Ч. 2 (История. Идеология. Источниковедение). С. 131-134.
[182] Шамил районалъул Хучада ккола Булач-нуцаласул вац Х1ажиг1алил хъала жаниб бук1араб ва Булачил чаг1аз ч1вазе цевеккун гьес г1умру гьабун бук1араб росу.

[183] Гьеб даран гьабиялъул х1акъалъулъ Къеди жеги чанго бицен буго..

[184] Сасикь бугеб бицен.

[185] Силди бугеб бицен.

[186] «ГьитIинаб рохьалъул майдан» XX г1асруялъул байбихьуда бащадги гьабун бикьун бук1ана киналго къедисазе.

[187] Карты (перс.) – чIухIби (ав.)
[188] ХIарим (ар.) – пуланаб ракьалъул хаслъиялда абулеб ц1ар. Гьелдаса пайда босула росдал киналго г1адамаз. Жамаг1аталъул изну гьеч1ого гьеб бекьуларо, гьениб бак1 баларо.

[189] Гьанже школа бугеб ва гьелда сверухъ майданлъиялда бугеб кинабго ракьалда сасикьез абула «х1арим». 
[190] Хъах1аб лъим – апарат1а маг1арда нахъасан чвахун Аргъун г1оргун жубалеб лъар. Гьеб хъах1абин ккола хъах1аб чабах жаниб бук1иналъ.

[191] Апарат1а маг1арда нахъа.
[192] Свод традиционных обычаев у народов Кавказа, Средней Азии и других исповедующих ислам.
[193] Митрадисезул ракьалда, Гъоркь-Хъваршини росдал рахъалдехун бугеб бак1.
[194] Саб – т1оршел борцулеб роцен (нугъаязул). Бащагъула 64 кг. М. Б. Гимбатова. Традиционные единицы измерения у ногайцев в XIX – начале XX в. С. 165.

[195] Ц1умада районалъул росу (Ункъракь). Муцалаулалда ч1арав Цихалахъа Вах1идица бицана жидер росу т1оцебе Къедиса рач1арал г1адамаз бараб бук1ун бугин. Къедиги гьел рач1ун ругин Къиялъа бид рихун.

[196] Болъихъ районалъул росу. Цересел г1асрабаз унаан Т1ех1нуцал мухъалъул жамаг1атазул цолъиялда гьоркьобе, жидеца Аваразул ханзабазе магъало кьолеб бук1арал. Гьеб мухъалъул г1орхъода буго цебе заманалъ Къедиса амирзабазул квершаликь бук1араб чачаназул Ч1арбил мухъ. (см. в книге «Правители Ункратля и Киялала»). Гьел х1ужабазда жаниб батизеги бегьула шодродисез Къеди магъало кьезе ккеялъул бахчараб г1ила.

[197] И. Газимагомедов. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015. С. 65.

[198] Ч1ужуг1аданалъе ракьалдаса яги мина-милкалдаса ирс кьолареб къаг1ида ханзабазда гьоркьоб дунялалда т1адго билъанхъараб къаг1ида буго. Ирс босизе васал гьеч1ев гьединав чиясул ракь гьесул инсол рукъалъул цогидал бихьиназе уна.
[199] Тарихалда г1емерал х1ужаби руго гьез бицулеб жо уяб гьеч1олъи бихьизабулел. Бокьун батиларо шодродисезе гьеб магъало цебего т1аса ккарал эркенал уздензабазул гьанже бугеб къадруялда раг1ад рехулеб жо бицизе.
[200] Гьебги цоги нуг1лъи Игъадахъ мег1ер Къедисезул бук1иналъе.
[201] Т1анчил т1арадаги хьалбаздаги къаламалъ хъван буго г1урус мац1алда.
[202] Г1араб мац1алдаса таржама гьабуна Къедиса Амирх1амзал Г1аббасица. 2015 сон.

[203] Дагъистаналъулги Чачаназулги г1орхъода Ц1умада районалда бугеб росу..

[204] Авариялъул ханзаби.
[205] Гьел ккола Г1анди г1оралъул т1асияб рахъалда (тушазул Алазан) Гуржиялъул Ахмет районалда бугеб халкъ.

[206] Чачаназул Шарой районалда бугеб халкъ. XIX г1асруялъ г1урусаз гьарурал хъвай-хъваг1аязда бихьизабун буго Шуар (хьарусел) 7000 чияс г1умру гьабун бугин Шаро-Аргун г1оралъул т1асияб рахъалда. Г1андисезул щобалъул г1азулал т1огьазда г1агарда. (Инст. Нахологии. Описание Вайнахских Племен по состоянию на 1859г).   

[207] Харадж (г1араб.) - Бусурзабазул пачалихъалда ракьалъухъ бахъулеб магъало.
[208] Джизья (г1араб.) - Бусурзабазул пачалихъалда ислам босич1ел г1адамазухъа (зимми) босулеб магъало. Шариг1аталъул г1алимзабазул бихьизабиялда рекъон джизья буго, жал ч1аго теялъе г1оло жидер ракь бахъарал бусурзабазе капурзабаз кьолеб магъало. Джизья кьеялдаса эркен гьарун рук1ана капурзабазул руччаби, язихъал г1адамал, лагъзал, г1узруял г1адамал, бусурзабазул аскаралда ругел насраниял.

[209] Гьиндухъ – гьиналъухъ (г1урус – «у замка») –къедисезул мег1ер. [Газимагомедов И. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015. С. 69]. Гьанже мег1ер буго чачаназул Шарой районалъул ракьалда, гьенирго руго нек1сияб Гьиндухъ росдал ч1вадналги.

[210] Шарой районалъул ракьалда бугеб мег1ер. Г1орхъаби мух1кан гьаризе к1веч1о.

[211] Алдамил ицц – Гьаг1мади росдадаса бакъбакк1ул рахъалда бугеб ицц. Олдамхие чуо (чеч.) – Алдамил лъарахъ бак1 – Гьаг1мади росдадаса бакъбак1к1ул рахъалда  бугеб бак1. XVIII-XIX г1асрабаз Къеди г1умру гьабун рук1арал нуцабазул рукъалъул чи Алдамил ц1ар лъураб ицц.

[212] АпаратIа – Къедисезул мег1ер. [Газимагомедов И. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015. С. 69]. [см. Хапизов Ш.М. Саламеэр, Эндирей, Аух (очерки этнической истории населения Терско-Сулакского междуречья). Махачкала, 2014. С. 67].

[213] Хуолие-лам  ( Копна-гора) – Г1ари-мег1ер (маг1ар.). Хонокь ва Гьаг1мади росабазда гьоркьоб , къилбаялъул рахъалда.
[214] Хьарусел – чачаназул Шарой районалъулал.
[215] Аскар рештулеб майдан. Шарой районалда  Хонокь лъарал раг1алч1ван бугеб г1ат1идаб майдан.
[216]Апарастие (чеч.). Шаро росдадаса бакъ баккул рахъалда, чачаназулги Дагъистаналъулги г1орхъода бугеб бак1.

[217] Бо решдулеб лъарагI (авар.). БIен арие (чеч.) (Войск поляна).

[218] Хуландой – Хонокь,  Хуланда. (чеч.). Чачаназул, Гуржиялъул ва Дагъистаналъул г1орхъи жубалеб бак1алда бугеб росу.

[219] Хьакъмада (чеч.) – ГьагIмади.
[220] Хашелдой (чеч.) – Хашакь. Гьаг1мадиса къилбаялъул рахъалда ругел ч1ваднал.
[221] Кайл (ар.), къали – т1оршел борцулеб роцен. 12 ялдаса байбихьараб 16,5 кг. щвезег1ан.
[222] Сандакъури (Сандахой) – Шаро-Аргуналъул раг1алда Гуржиялъул г1орхъода бугеб росу. Аск1ор ругел росаби: К1есели, Шекъери ва къилбаялъул рахъалда – Хонокь. 1944 соналдаса хадур рехун тун руго.
[223] КIесали – росу бан буго Шаро-Аргуналъул квег1аб рахъалда бугеб борхатаб щобил ц1акъ балагьараб лабалт1а.

[224]Хьару, хьарусел. Шарой, ЧР.
[225] Шикарой (чеч. Шикъара) буго Шаро-Аргун г1оралъул квег1аб рахъалда, Хьароса (Шарой) бакът1ерхьул ва къилбаялъул рахъалда.
[226] Хиндуга (чеч.) – Гьиндуха. Гьаг1мадиса бакът1ерхьул ва хьонлъул рахъалда ругел ч1ваднал. 1944 соналдаса нахъе рехун тун буго.
[227] Хашари (Хьачара)(чеч.) – Хашарисел – Итумхъала районалъул Хачари росу. Гьеб буго чанго росу, Ч1анти Аргуналъул кваранаб г1аркьеллъун бугеб Дзумсэрк лъарал к1к1алахъ рарал. Зумсурисаги Сандакъурисаги бакът1ерхьул рахъалда Гуржиялъул г1орхъодег1ан.

[228]Зумсур (Замсур) – Итумхъала районалъул росу. Гьел руго Ч1анти Аргун г1оралъул кваранаб г1аркьеллъун жиб бугеб Хелдихойги Хачаройги лъаразул жанирлъабазда рарал росаби. Гьезул г1орхъи буго Цова-Тушазулгун.
[229] Шенако (груз. ;;;;;;), (авар. - Шанагу), Омало (авар. – Умали), Дикло (груз. ;;;;;), (авар. – Дагъалда), Агибурт (авар. – Акибурти)  — Эти четыре селения расположены в горной части Восточной Грузии, которая граничит с Дагестаном и Чечней. Называется этот микрорегион Тушети и занимает около 950 кв. км. в верховьях реки Андийское Койсу. Умали – это Омало, исторически являющийся самым крупным селением и центром Тушети; Шанагу – это Шенако, а Дагалда – ДикIло, оба они являются относительно крупными селениями Тушети и расположены на границе с Цумадинским районом РД, а исторически – с аварским бо Ункратль. Селения под названием Акибурти ныне не существует, но оно фигурирует в источниках XIX – начала ХХ вв. По данным 1834 г. в Омало жило 37, Шенако – 41, Дикло – 40 и «Агверти» - 11 дворов (всего в Тушети – 46 селений из 962 дворов) [Иоганн Бларамберг. Историческое, топографическое, статистическое, этнографическое и военное описание Кавказа / пер. с француз., пред. и комм. И.М. Назаровой. М., 2010. С. 369-370].
Согласно сельскохозяйственной переписи 1923 г. Омало состояло из 66 хозяйств (260 чел.); Шенако – 58 (245 чел.); ДикIло – 35 (178 чел.), а Агиурта – 3 (10 чел.) [Итоги сельскохозяйственной переписи 1923 г проведенной ЦСУ Грузии. Тбилиси, 1923. С. 70, 74 (на груз. яз.)]. По данным же 1931 г. сел. Агибурта уже заброшено, а его жители видимо перебрались в сел. Квемо Алвани на левобережье р. Алазани. Омало состояло из 84 дворов, Дикло – из 43, а Шенако – 70 [Макалатиа С. Тушети, Тбилиси, 1933. С. 86-89 (на груз. яз.)]. С того периода и по настоящее время – это три самых крупных поселения Тушети, а с 1980-х гг. по сути три единственных стационарных поселения в этом труднодоступном горном микрорегионе Тушети. Остальное население перебралось на Алазанскую равнину, в Кахети и города Грузии.

[230] Туман (перс.) – г1арцул цо къадарСССРалъул 10 гъурущалдаги маг1арухъ «тумен» абулаан.
[231] Ич1го марсум – магъало бак1аризе вит1арас бак1арун бач1араб жоялдаса гьесие кьолеб бут1аялда ц1ар.
[232] Таржама гьабуна Къедиса Амирх1амзал Г1аббасица. 2015 сон.
[233] К1к1арат1исез ва гьидалъез Къеди тарал нек1сиял лъалк1азул бугеб тарихияб к1вар к1удияб бук1иналъе цогиги х1ужа. [234] ЦIаданикь, ГъажалтIа, ЛабалтIа, Гьандабури – Къеди росдал г1алахал ва мегъ.
[235] Абизе бегьула х1укуматалъ киналго ракьал (рецулел, рекьулел) нахъе кьун гьеч1ин. Гьандабури, жал нуцабазул тухумазулин абулел г1адамазухъ гурелги цоги-цогидалги къедисезухъги руго ракьалги кулабиги. Амма Ц1аданикьги, Гъажалт1а, Лабалт1аги ругел ракьал г1емерисел гьел тухумазухъ руго.

[236] ЦебемегIер – гьанжесеб Бахо. Бахо –Цебемег1ер, Игъадахъ – Нахъамег1ер (гьел муг1рузда ц1ар къедисез цебе гьедин абулеб бук1ун буго).