Дуе нижер салам, Салатавия

Динуч Динаев
Гlагарал росаби – Салатавия,
Расалъаби, мугlрул – Салатавия.
Суратал рихьизе ран ругин кколеб?
Берцинаб тlабигlат – Салатавия.
 
Тlощел-пихъ гьарзаяб Салатавия,
Гьава-бакъ рекъараб Салатавия.
Къо ккедал рагъде ун рухlалги кьурал
Бахlарзал руго дур, Салатавия.
 
Хlанчlазул чlирчlиди – Салтавия,
Ритlучlазул рохьал – Салатавия.
Рорхалъуда зодир цlумалгlадинал,
Лебалал гlадамал – Салатавия.
 
Гlакъилал хараби – Салатавия,
Гlащикъал поэтал – Салатавия.
Гlелмиял тlахьазда гlемер батараб
Бечедаб тарих дур, Салатавия.
 
Ниж угьулеб хlухьел – Салатавия,
Хlасратаб кечl дуе, Салатавия.
Сабру рекlелъ бугел, рекъел бокьулел
Жамагlатазул ракь – Салатавия.
 
Нижер пикрабазулъ – Салатавия,
Каранда кlутlиги – Салатавия.
Сапаралда рукlун, тlад руссунагун,
Салам тlоцебе дуй, Салатавия.

 Асхlабов Мухlамад,
Бавтугъай