Эбелалде Матери посвящается, на аварском языке

Салих Салихов 13
Эбелалде

Гвангъарал бакъул къоял
Эбелгун цере ч1ола.
Гьимулеб гьелъул гьумер
Нурлъун цебе т1амула.

Бец1алъуб канлъилъунги,
Квачалъулъ – рек1ей хинлъи,
Рик1к1аде ккараб мехалъ,
Дур ургъел – дида нахъа…

Папуриз ц1алеб мехалъ,
Хванин раг1ана эбел.
Эсалде вач1аравго,
Гох1 хут1к1азул бугоан.

Абула муридазда
Устар цеве ч1олилан,
Диде киве кканиги
Инч1о эбел цееса.

Г1емер зах1малъи бихьун,
Унтиялъ йосун арай,
Эбел, дидасан кумек
Дагь щвеялъ рак1 бакъвала.

Абадиялъ аниги,
Дур кумек дий камич1о,
Макьилъ мун яч1унаан
Зах1малъи цебе ч1едал…