Нашид на аварском языке

Салих Салихов 12
в
6 ч



Пашманаб бугониги ц1акъ берцинаб данде кколеб бакъанги бугоан ургъун, дица бахъараб гьаб нашид ах1изе, берцинаб гьаракьалъул коч1охъан данде ккани. Гьаб цо-цо строка рекъон гьеч1илан ккезе бегьула, гьеб ургъунго бакъаналде данде ккезабун буго

Сверун унеб дунялалда
Т1аг1ун унел г1адамал,
Г1агаралги божаралги
Рачун уна цереса.
Пр
Лъик1алилан квешалилан
Бат1алъиго гьеч1огун,
Рух1г1ан хириял рищун,
Уна т1асаги росун.
Пр
Г1исиналин ч1ах1иялин
Ч1агоялъа т1аг1уна,
Бихьиналин руччабийин
Уна кквезе к1веч1огун.
Пр
Эбел уна эмен уна,
Уна рек1ей рокьарал,
Уна нилъги, уна долги
Эрга т1аде щванщинал.
Пр:
Сордо борч1ун къо инелде
Хехго унеб гьаб заман,
Сонисеб къо нахъаги тун,
Метериде сверула.
Пр
Цересел къоял киниги
Нахъа тола лъимерлъи,
Г1олохъанлъи, бах1араб мех,
Бер къанщун нахъа тола.
Припев:
Бет1ергьан, аминь, я аминь,
Къадар дурлъидалха гьеб.
Бет1ергьан, аминь, я аминь,
Нахъруссине рес гьеч1еб