Нахъеги кополал харбал

Салих Салихов 12
Картошка бухана

Цо хъулухалъ т1адехун инаго Мадинатица абула россасде гьагъаб ц1оросаролъул таргьа бухейилан, г1анк1абазе базе мугь хут1ун гьеч1илан (х1ок1алдаса мугь бат1а гьабизе к1алги бухьун г1ералъ бухула таргьинибеги бан ч1урч1инч1еб ц1оросаролъ). Гьей аск1осан индал жиндирго пикрабалъ вук1арав Г1умарица аск1обго бук1араб таргьа г1одобги лъун лъик1аб х1алалда бухула гьеб...Ц1оросаролъул таргьа къосун, аск1обго бук1араб картошкадул таргьа бухун батана Г1умарица карщг1адаб жо гьелъул лъвинедухъ


"Т1аде яхун йиго"

Г1умар вук1ана лесхозалъул хъаравул. Гьес хьихьулел жал рук1ана ц1улакьодал гъут1би. Хъаравулас жинцаго хасалихъе ц1улакьо бак1аризе кколаан ва  гьеб бак1ариялъул т1ад лъураб ц1улакьо сдавать гьабиялъул план т1обазабизе кколаан… Ралел ц1адазги бахъунеб гьороца г1одобе гъенезабураб ц1улакьо доре-гьанире ун свердулел лъималаз жидеего бищун толарогун  рази гьеч1огун ц1улакьодул ахикь свердила вук1уна Г1умар. Гьит1инабго цо гъот1одеги яхун гьеб к1обок1ун ц1улакьо гъенезабула ятула гьасда цо г1олохъанай ч1ужу. Мун щибулайилан ццидалъ гьикъула Г1умарица гьелде. Т1аде яхун йигилан абула гьелъ гьесдаса нечон, т1ок1аб щиб абилебали лъач1огун.  Бегьилаха «т1аде яхун» йик1ине, кидаго  «гъоркь йик1ине» мунги бегьиларелъулилан ццин къулч1ун абуда Г1умарица.   


Гьазги нахъалъаби хвезарула руго.

Гъол мац1ал гьарулезул заман бук1ана. Цо мац1ихъан вук1ана (ц1ар хъвалеб гьеч1о), г1емер г1адамаздаса нахъасан мац1ал гьарун хъвадарун, гьел жанире ккезарурав. Ахирги гьев живгоги ккун вуго жаниве  цогидазул мац1ал сабаблъун. Гьеб квеш бихьарав гьас абун буго, гьазги (власталъулаз) гьанже  жидерго нахъалъаби хвезарула ругилан.


Лъабго нух бихьулаан Гришада.

Цебе Алмахъ, Калининаул мухъазул рохьаздаса  къот1ун ц1ул баччулаан лесхозалъулаз беххе Хасавюрталде  машинабаз. Гьеб баччизе лесхозалъул рук1ана полуторкаби ва цо «Урал» машинаби. Гьеб цояб машинаялда х1алт1ула вук1ана Гришайилан ц1ар бугев г1урусав. Кидаго гьекъон вук1унев чи вук1ана гьев. Цо нухалда Ахъташалъул лъелъ т1алхияб бак1алъан бугеб нухде решт1унаго (Ахъташалда кьо бук1инч1о гъоб мехалъ), Гришал машина мекъса ун бегун чунк-чункана. Гьесда гьикъула бажари бугев мун кин гьадинаб бак1алъан тарун мекъса аравилан. Гьес абун буго, дида инаго лъабго нух бихьулила, жинца гьеб лъабабго нухалъул бакьолъ бугеб нухасан бачунаанила машина, гьабсалалъ щаклъи ккун, бакьулъан бихьулеб нухасан инч1огун, раг1алдехун бихьулеб нухасан бачун бук1анин машинайилан. (Гьаб бицана А. Мух1амадица)