Кополал лъугьа-бахъинал

Салих Салихов 12
«Дур хобалъе рекъараб зани»
Г1агарлъиялъулъ лъик1 къимат бугев чи вук1ана мунагьал чураяв Рурах1ма. Гьев хведал г1агарлъиялъго г1арац бак1арун ч1ух1араб зани гьабизабун бук1ана гьесие. Хобалда рекъезабилелде сверода азбаралъуб бук1араб гьелъухъ валагьун вас хвеялъул г1емер ургъелго бук1инч1ев т1алхияв инсуца аск1ов вугесде абула,  цоги заназдаса щиб квешаб жоха гьалъул бугеб, гьеб зани цогидал заназда гьоркьоб т1ок1аб бугилан абизе бокьун. Инсол урггъел гьеч1олъиялда ццин  бахъарав аск1ов вук1арасги абун буго, гьеб зонол квешаб жо бугин Рурух1ма ч1огоги тун дур хобалда ч1вазе гьеч1олъийилан
Щубгицин гьекъезе щвеч1о...
Цо къоялъ  Х1амидгун Г1усманида, рик1к1ада г1умру гьабула вугев жидерго классцояв, Камиль росулъе щвезе вач1ун вугилан раг1уна. Гьоркьо-гьоркьоб берцинаб т1абиг1аталде, бац1адаб гьава-бакъалде квана-гьекъезе унел гьазда рак1алде ккола Камильги ах1ун цо багъилияб бак1алъе «природаялде» ине… Нухдасан гара-ч1валулаго Камилил к1алъай т1олго ваг1заялде буссун бук1уна.  Чанго чияс гьадин берцинаб т1абиг1аталде х1ухьбахъизе ин гьекъолдиялдалъун г1адада хвезабулин, лъик1ин нилъгог1аги гьекъолдулел  чаг1и гурелилан, абула гьес. Гьедин  ваг1загун малъа-хъваял Камилица гьарулаго щвана  щолелъуре. Гьениб, г1емер заман инелде, щвана къалъол какил мех. Камиилица цевехъанлъиги гьабун жамаг1ат какгун к1иго ракаг1аталъул какалги ран, гьарула  дуг1а-алх1амал. Гьедин дагьабго заманги ун хадуб гьалмагъзабаз байбихьула шашлик1ал режун сока-мокал гьекъезе. «Сюрприз » х1исабалда къват1ире рахъизе рук1арал сурах1и-шушби рахчудаго тезе ккола гьаз, Камилида жидерго гьекъолдизе бук1араб гъира т1атинебилан.  Квана-гъванан г1емер заман инелде щола бакъанил какил заманги. Нахъойги Камилица цевехъанлъиги гьабун бала жамаг1ат-как… Хадусан х1ухьбахъи гьаби  ахиралде щведал, росулъе т1ад руссун рач1ун  Камилидаса рат1алъун, сурах1иялъул щубцин к1алдибе т1инк1изе щвеч1огун шашлик1азул т1аг1ам лъач1ел гьалмагъзаби дела-гъелун щола рокъоре… Т1ок1алъ кив гьаз классцояв «природаялде» цадахъ ах1улев, ах1уларо.
Чан щвеч1ел чанахъаби.
Советияб заман бук1ана. Дун вук1ана доб мехалъ машинаялда шофёрлъун х1алт1ула. Выходнойги бук1ун Совхозалъул директор Адильгереца абуна г1алхуде Г1алиасх1абиде ( журналист, Адильгерел гьалмагъ) аск1оре ине ругилан, сордо бан т1адго ч1езе (Г1алиасх1аб жиндирго нагун вук1ана гьенив)...Г1езег1ан квана-гьекъезе жоги бук1ана, совхозалъул фермаялдаса росарал г1анк1алги рук1ана цадахъ. Тунк1алги рук1ана, чан щвани реч1изе.. Лъик1аб рек1елгъеяб сордо бук1ана... Радал вахъиндал Г1алиасх1аб вугоан тетрадь кодобгун хъвадарила. Дуца хъвалеб жог1аги щибилан дица гьикъидал, рокъоса г1анк1алги росун чанаре рач1арал чанахъабазул х1акъалъулъ хъвала бугилан махсаро гьабуна гьес...Кидаго хъвадарила вихьулаан Г1алиасх1аб.
Дару - г1ащди
Мунагьал чураяв Хаса вук1ана жиндирго аптекаги бугев вичарухъан. Живго велъич1огун бицараб хабаралъ чиясе кеп щвезабулев чи вук1ана гьев. Цо нухалъ гьесухъе вач1уна цо росуцояв ва эркенго Хасаде абула, дир "лъадиялъулгун раглил иш" лъик1 гьеч1илан, гьеб лъик1лъизабулеб дару бук1унилан раг1ун бук1анилан жинда, дур гьаниб бугищ гьебилан. Хасаца абула бугилан, амма багьаяб жо бугоха гьебилан. Багьаяб бугониги босила дица гьебилан абула росуцояс...Г1адамал жаниса инег1анги ч1ун Хасаца гъоркьан босун гьан къот1улеб к1удияб г1ащди лъола росоцоясда цебе, гьалдаса бат1ияб дару бук1унарин гьелъиейиланги абун...Ахиралдаги дов цояс Хасаде абула, дуе Аллагьас талих1 кьейги, нилъер ккараб хабар чиясде бицунгейилан. Хасаца абула, дуца дун гьанив ч1вай, амма гьединаб жо копое бицинч1огун гьаб дунялалда кинин рук1унелилан...Батанщинаб чурукаб жо Хасаде рик1к1унаго къват1иве лъун вуго росуцояв
Г1абдулвагьабил Г1усманица ва цогидаз бицаралдасан

Полит бандлъун власталъ рик1к1унев вук1арав Къебедил Дадал ч1ужу Таибат йик1ана Г1абдулвагьабил яц. Власталъулаз, Дада ч1ван хадуб,  рукъ бух1ун хут1арал  Таибатгун лъимал рук1ана жиндирго рокъое рачун. Бандасул хъизан хьихьунилан Г1абдулвагьаб Сибиралде вит1ун жанив лъола 3 сонги кьун. Гьев ккола Беломорканал бухъулезде гъорлъе. Гьеб ккола г1емер чи жанир т1амуразул хвараб бак1. Беломорканал бухъулаго ккарабщинаб чангиясда раг1унги батила. Гранит -гамач1ги мугъзада лъун эхеде баччизе кколаанилан бицунаанила Г1абдулвагьабица. Рух1 лъугьун гамач1 босун рач1унел кват1ани, гьезухъ балагьич1огун гамач1 бахъулеб бак1ал кьвагьизарулаанила, гранит бахъи кват1изе теч1огун, гьедин кьвагьиялда аск1орег1ан ккарал чанго г1адамал гьеб кьвагьиялдалъун холаанила... Лесоповалаздеги ккун вуго Г1абдулвагьаб жанив т1амун вугеб мехалъ. Жинде кьураб заман лъун хадуб рокъове т1ад вуссиндал гьев х1алт1ун вуго колхозалда ветеринарный санитарьлъун, завфермалъун, дагьабго мехалъ колхозалъул бригадирлъунги вук1ун вуго. Г1абдулвагьабил вац Мух1амад (Г1амадалав) вук1ана Буйнакскалда хасал курсалги лъвинарун ветврачлъун ц1аларав чи. Гьес малъун ветсанитарасул х1алт1и гьабун бажарун буго Г1абдулвагьабидаги. Дидаги рак1алда вуго мунагьал чураяв Г1амадалав, Алмахъалде щвезе аралъуб цо-цо годек1анив вихьулаан гьев. Рет1а-къан, берцинго ч1ух1араб рет1ел рет1ун вук1унаан Г1амадалав...
Дир инсуцаги вицунаан Г1абдулвагьабил х1акъалъулъ, гьев лебалав ц1одорав чи вук1анилан. Цо-цо чунлъал махсарабиги камуларел рук1ун руго гьесул. Гьединал ккарал лъугьа-бахъинал хъвалел руго гьанир:
Ракъарал рецарухъаби кваназаруна
Цо нухалъ Г1абдулвагьаб вит1ула 11 вецарухъангун цадахъ хъутаналде рецаризе. 80 километралдасаги рик1к1ад бугеб гьеб хъутаналде ине кколел рук1ун руго рилъун. Хъутаналда х1алт1ун, рецарун лъун, метер рокъоре ине ругеб мех бук1уна. Къаси мехалъе гурони квание г1ураб жо бук1ун гьеч1о хут1ун гьазул. Радал кванач1огун рокъоре рагъарун руго гьал. Хасавюрталде щвараб мехалъ цо столоваялдаса аск1осан инаго ракъун ругел рецарухъабазул кванил берцинаб мах1алъ гьаманго ракъи ц1ик1к1инабула. Капекцин цадахъ гьеч1ев Г1абдулвагьабица гьеб столоваялде рачун руго кваназе рецарухъаби. 11 капек багьа бук1ун буго чорпил цо сурк1а. Киналго цадахъ ругел столазда нахъа г1одорк1инарун, гьезие чорпагун чед босун Г1абдулвагьабица кваназарун руго гьал... Квен босулеб мехалъ Г1абдулвагьабида бихьун буго цевехун вугев ресалда вугевг1адинав цо чияс кванараб кванихъ т1огьги бух1араб 25 гъурщ г1арцол кассиде кьола...Рецарухъабаз кванараб кванихъ кьезе г1арацги гьеч1ев Г1абдулвагьаб кассихъеги ун жинца кьураб г1арцол сдача кьейиланги абун ч1ун вуго. Гьениб ккола къец ва столоваялъулаз милиция ах1ула. Милициялъулаз ц1ех-рехх гьабулаго Г1абдулвагьабица абула жинца кассаялде т1огьги бух1араб 25 гъурущ кьун бук1анилан, гьаз сдача кьола гьеч1илан. Кассаялъуб бугеб г1арцол ххал гьабидал унго-унгоги гьениб батула т1огь бух1араб 25 гъурщил кагъат ва гьениб Г1абдулвагьабие сдача кьезабула милициялъулаз. Кодобе щвараб г1арцоде цоги лъик1а-лъик1аб квен т1аде босун кваназарула Г1абдулвагьабица цадахъ рук1арал рецарухъаби...
Г1абдулвагьабги Ирисбиги
Мунагьал чураял Г1абдулвагьабги Ирисбиги рук1ана лъик1ал гьудулзаби. Амма цоцазе ц1акъ чунлъал махсарабиги гьарулел рук1ун руго гьез. Доб бук1ана машинаби гьеч1еб х1амузда гьир лъун маг1арухъа рехе-эхеде г1адамал хьвадулеб, бат1и-бат1иял маг1арул росабалъа гьалбал т1аде щолеб мех. Росолъ г1емерисезул рук1ана рач1ун-ун рук1унел гьалбал. Цо нухалъ т1асамаг1арухъа пихъ бичизе чаг1и рач1ун руго росулъе. Гьалбал ц1ехола т1аде рач1арал рук1аго Г1абдулвагьабица бихьизабула гьезда Ирисбил рукъ, жиндир бак1 бугиланги абун ва абула доя ятилейин нужеда рукъалъул бет1ергьанч1ужу Бесират, ракъарал гьел нужерго х1амулги доб хуриб бугеб харил гъоноде риччан, нужгоги жанире лъугьун х1ухьбахъиялда рук1айин, дунги г1емер кват1иларин рокъове вач1инейиланги абун. Ирисбица рит1анин жалиланги абун хурире, гъоноде х1амулги риччан жанире лъун руго гьалбал. Цо заманаялдасан вач1арав Ирисбица ц1ех-рехх гьабун, жал рит1арав чи бат1ияв вук1инги лъан, нечон хут1ун руго гьалбал...Гьелдаго релъараб жо гьабун буго Ирисбица Г1абдулвагьабие, цоги маг1арухъа рач1арал гьалбал гьесухъеги рит1ун...Ирисбигун дандч1вадал, гьес гьалбал жинхъе рит1иялда щаклъарав Г1абдулвагьабица цоялда т1ад цойги лъун гьорозабун бицун буго, гьел сон рач1арал гьалбаз г1емерал сайигъатал кьун ц1акъ нечезарунин жалилан. Гьеб уйилан ккарав Ирисбица абун буго, гьеб лъарабани жинхъегог1аги рачинаанин гьел гьалбалгийилан...
Гьалмагъзабазул «рагъей»
Районалъул налог бак1арулев цо ц1акъ г1адамазе лъик1ав гурев чи вач1ун вуго росулъе цо жиндирго х1алт1ол хъулухъалъ. Годек1анир рук1арал гьалмагъзаби, раг1и абич1ониги цоцазда рич1ч1унел Ирисбиги Г1абдулвагьабги лъун руго "рагъизе", дов т1аде вач1арав чи аск1ове щолаго. Аск1ове щварав налогал рак1арулезулавги гьел рат1а гьаризеян лъун вуго. Цоцазде хьваг1улел зарал "лъач1огун" лъик1 унтизабун гьоркьове лъварасда щвезабулеб бук1ун буго гьав к1иясго, уйилан ккеледухъ жидедагоги хьваг1улаго... Лъик1го т1аде вач1арасда щве-щвезабун гурони рат1а гьаризе к1ун гьеч1о цоцалъ "рагъела" ругел гьалмагъзаби
Квешаб бак1 батуларо гъоб
Гьудулзаби, мунагьал чураял, жаниве Сибиралде ккун вук1арав Г1абдулвагьабилги рагъул ветеран Ирисбилги, гьез цоцазе гьарулел рук1арал сог1ал, чунлъал махсарабазулги дица цебеги хъван бук1ана...
Г1абдулвагьаб Аллагьасул къадаралде щун, гьев хабалалъ вукъун, зияраталда рук1уна г1ага-божарал, лъалелщинал г1адамал. Гьалмагъасул хобалда аск1ов ч1ун вугев Ирисбица абула, лъик1аб бак1 батулила "гъоб", квешаб бак1 бук1арабани, Г1абдулвагьаб гьениса нахъе вач1инч1огун ч1олароанила.

Дун хвасар гьавурай дой г1урусай унареб Алжан бук1унаро

Жанив т1амизе бихьизабураб заманги лъун Сибиралдаса нахъ вусун вач1арав Г1абдулвагьабица жиндирго ч1ужуялде бицун буго, жаниб т1амуралъуб бук1араб ракъиялъулги, квине щолареб бук1араб кванилги. Гьениб цо аск1об мухъалъа цо г1урусалъулгун лъай-хъвай ккун, гьелъ бач1ун буго гьасие белъараб картошка, ханал...Хванилан ккаралъуса ворч1изавун вуго гьей г1урусалъ Г1абдулвагьаб. "Капурай" йик1ани щиб, гьедин лъик1ай ч1ужу Алжаналъуе инч1огун кинин йик1унейилан абун буго Г1абдулвагьабица.

Магжида убачал гьарулаан

Г1адамазда гьоркьор ккарал жах1да ц1ик1к1арал ишазулъ г1емер рекъел-маслиг1аталъе гьоркьове ккарав чи вук1ана Сайродин. Щиб гьабунги, щиб бицунги рекъел-маслиг1аталде квешал ккарал ишал рачине г1амал гьабулаан гьес. Гьедин гьоркьове лъвиналъ маслиг1ат бокьуларого рук1арал ццин гьалаглъараз абураб, гьабураб г1емер жо х1ехьезе ккана гьес...Цо нухалъ х1еж борхизе ине щун, Г1арабиялъе щола гьев. Гьесде данде рач1унаанила бат1и-бат1иял г1адамал "Щайих", "Щайих" абун ва гьесул хъах1аб магжида убачал гьарулаанила гьез (мегеж бук1ун буго гьесул каранде щун). Цадахъ рук1арал гьалмагъзабаздехун вусун Сайродиница абунила, гьаб гьумергун магжиде чан чияс х1ац1о тураблъи лъалебани киг1анда гьал г1арабияз дир магжида убачал гьарилаанилан

Ци

Гьаб лъугьа-бахъин ккана Алмахъалда... Реххеса цо х1алт1и гьабизе т1аде босарал сварщикал Жамалги Г1умарги рук1ана гьенире рач1ун ч1ун. Росдал раг1алда бук1ана цо гьит1инабго басрияб мина гьел рук1ине бихьизабураб. Мадугьалихъ рукъалъ вугев Ах1мадица аск1ове вач1ун бицуна гьезда, гьаниб къаси-къаси цо-цо мехалъ ци бук1унилан, жиндаго рихьанилан гьелъул лъак1ал абун, гьел ц1одорго рук1ине. Цо сордоялъ киданиги ци бихьич1ев Жамалида къват1ибехун сундулали швархи раг1уна. Гьеб ци батилилан ккун, гьеб бихьизе бокьун, гьав гьит1инабго гордоялъусан къват1ивехун балагьула, терк1елеб рак1гун...Гьеб параялъ жаниб "хъванк1илан" бахъуна квешаб гьаракь. Къват1исан швархи бахъун лъвинелдего бихьулищ ци жанибехун лъварабилан рак1алде ккун х1инкъарав Жамал лъавудаса уна ва вигьуна нахъеги "хъванк1илан" бахъараб гьебго гьаракьалъ. Гьалмагъасул хъунхъудиялъул гьаракь гьеб бук1ин лъарав гьав берцинго рук1алиде вач1уна... Цо анц1го минуталъниги лъавудаса ун вук1ун ватилила живилан бицана Жамалица гьалмагъасе.

Маг1рузул мухъалъе сапар


Мунагьал чураял колхозалъул шофёр Сайгид ва гьевгун цадахъ Гереханги рук1ана доб колхозазул заманаялдаго Агъвалире бортовой машинагун цо щибали босизе, колхозалъе х1ажалъиялъ рит1ун. Х1ариб мухъалъ бугеб цо ц1орораб ицухъе щведал Сайгидица абула гьанир кванан цо дагьабго отдых гьабизе бугилан ва кванда цадахъ кабинаялъуса къват1ибе бач1уна цо шишаги. Гереханица абула гьал нухаздасан ине ругел нилъее гьекъезе данде кколарилан. Чанго нухалъ маг1арухъе хьвадизе ккарав Сайгидица абула, гьаб шиша гьекъеч1огунали гьанисан ингойин данде кколаребилан. Гереханица к1алдибе босичеб г1аркъил т1олго шиша Сайгидие гьекъезе хут1ула...Маг1арухъа нахъ руссун рач1унеб мехалъ кабинаялъул цо рахъалъ вук1арав Герехан нухлул гьаб рахъалъехун ккола. Къваридал, кич1-к1ич1арал нухаздасан, бак1-бак1аздасан ратулел т1ино бихьуларел кьураби, парсал рихьарав Гереханил квешго х1ал хисула...Добго Х1ариб мухъалъ бугеб иццухъе щведал Гереханица абула гьеб шиша цо жиндеги т1еян, дуцаго гьекъаралдаса ц1ик1к1инеги гьабунилан

Кванилъ лавровый лист

Цо нухалъ росулъе рач1уна колхозазул линиялъул х1акимзаби. Колхозалъул председателас жиндирго ч1ужуялда цебе масъала лъола, бажари бугей поварги ялагьун гьалбадерие лъик1аб дандч1вай гьабун гьуинаб квен  гьабизе кколилан… Ахташ лъарал раг1алда рак1арун гьалбалгун, гьенибго квенги гьабун кваназарула гьел…Хадусан ч1ужуялде вагъула дов председатель, дица абун бук1ана гурищ дуда, лъик1ай бажари бугей повар ялагьейилан, Ахташалъул лъим квание босулеб мехалъ, лъелъ т1амах г1аги биччазе бегьилаанищ гьелъа… Доб заманаялъ росулъ лавровый лист х1алт1изабулареб бук1ун батила, гуребани председателасда гьеб Ахташалъул лъеца босун бач1унеб т1амахилан ккелароан.

Гьал херал руччабиг1аги щибула  гьанир

Анц1-анц1 соназ цоцазда рихьич1ел классцояз къот1и гьабула байрам-дандч1вай гьабизе. Классцоязул к1игояв вач1уна дандч1ваялде «дагьа-дагьаб жоги гьабун»… Гьал херал руччабиг1аги щибула гьанирилан абула цояс цоясде цадахъ ц1алула рук1арал «ясалги» лъач1огун. Лентабиги рарал школясал к1удиялго г1оларелилан ккун бук1ун батилаха гьав к1иясдаго


Ниж школалда ц1алулаго математикаялъул, физикаялъул дарсал школалда кьолев чи вук1ана Насир. Гьанже гьесул буго 82 сон. Г1емер жо лъалев гьесул кополал махсарабиги камуларо гара-ч1валулелъуб. Рузманалде т1асияб росулъа веххе решт1арав гьев вуго диде гьал къоролзабазул щай дуца казияталда хъваларебилан. Ирония г1емер х1алт1изабулев гьесул бицунеб жоялда циндаго маг1на бич1ч1ич1о дида, аск1овег1ан эхетарав Х1амид вихьизег1ан ва гьеб абураб жо раг1ун жиндаго тункизабун бук1ин бич1ч1ун гьев гьимидал гурони...Къоролзабазул г1емерал кополал жал рицана гьенир Насирица, дида гьел рак1алде ч1еч1о гьаб лъабго-ункъояб гьесги къороллъуда вугев Х1амидицаги рицарал гурони:
Квешай ч1ужуялдаги билъунарогун ч1араб х1амидаги гьабизе жо бук1унаро.
Лъик1ай ч1ужугун вук1ине г1абдалсдаги бажарула, квешай ч1ужу х1ехьон хьихьизе г1акъло, ц1одорлъи къвариг1уна.
Гьасда (Х1амидидехун Насирица) кколеб батила нилъе-нилъерги лъик1ал руччабийин хъизабазда ругелилан, бигьагойин  нилъеца гьел х1ехьон ругелилан.
Мунагьал чураяв Назарханица абулаан гьасул, досул бикъун ц1огьодилаги гьеч1они, хъах1балъиги гьабич1елдаса ч1ужу йиччазе бегьуларилан
 Гьав гьанив рехсарав Назархан вук1ана г1умруялъго чанахъанлъун вук1арав чи. Г1адамаз гьесул бицунаан нусида т1асан хъомор, ци ч1варав чи вугин гьевилан. Дун гьит1инав г1олохъанчи вугеб мехалъ къадаралде щвана гьев. К1удияб ригьалъул каранде щвараб хъах1аб мегежалъул чи вук1ана гьев мунагьал чурад.
Ц1ар ва фамилия
Байбихьул классалда ц1алулел лъималазе гьабулеб дарсалда учителалъ гьикъула лъималазда рокъор ругел хъизам-чаг1азул фамилиялгун ц1арал абейилан. Эрга щварав  гьит1инав Х1амзатица абула, Х1ажиева аба, Х1ажиев дада, Х1ажиев Тарзанилан (рокъоб бугеб гучик)
Ц1ул бикъарав т1атана
Г1умарица рокъобе печалъуб бух1изе машина ц1ураб ц1ул бач1ун бук1ана. Цо къоялъ ч1ужуялъ  абула гьасда, нилъер гьаб ц1ул къо анаг1ан лъик1го дагьлъулеб бугилан, цояз бикъула батилин гьебилан. Г1умарица цо гургинаб, дъик1аб бищун, ц1улада дрелялъгун карат1 гьабула. Тунк1ил хер карт1инибеги бан, карт1ида рекъараб г1уч1 къазабун, хер г1одобе инаредухъ щула гьабула  гьеб. Хадусеб къоялъ Г1умарил вас вач1уна рокъове жаниве векерун мадугьаласул печалда жаниб кьвагьи бахъаниланги абун…Гьедин Г1умарида лъана ц1ул бикъулев вук1арав мадугьал. К1иявго мадугьалас цоцазде щибго абич1о, абич1ониги цоцазул х1ал к1иясдаго  лъач1огун бук1инищ
«Набиеги чай кье»
Х1ежги борхун нахъе рач1инаго цо  къокъа Ираналъул Тебризалде щола. Гьенир х1ажичаг1и чай гьекъезе ах1ула цояс. Лъик1аланго чаг1и рук1ун бач1араб чай цоцахъе кьола бук1уна. Гьедин цо г1одов ч1арав Г1умарица жиндаго хадув вугев росуцояв Набида цебе лъола чайил  кружка. Гьеб мехалъ чайник1алъу са  чайги лъугьун  иргаялда вук1аравГ1умарие чай щоларо. Цойги лъин гьалун чайник бач1инег1ан ях1ищ г1еч1****и, цогиясдехун вусун гара-ч1валула вук1арав Набида цебеса Г1умарица кружка босула гьесда бихьич1огун ва ах1ун абула церехун ругезда Набиеги чай кьейилан, чай лъугьун бук1ин лъалареб ххвелги гьабун.
Метроялъуб
Нилъеразул цояв вук1уна Москваялда метроялда халкъалда вихьулеб бак1алъги ч1ун г1адамазда раг1унедухъ телефоналъусан к1алъала, жинхъе гьеб г1арац (к1удияб къадар г1арцолги рехсолаго) щвезабич1они дуда бук1унеб жо лъайиланги абун, трубкаялъусан цоясе х1инкъаби кьола. Цо к1одо яч1уна гьасде аск1ое ва мугъалдаги к1ут1ун абула, гьаниб метроялъуб телефоналъул связь бук1унарилан
"Балъголъи" лъалев чи

Ракъараб заман бук1ун цояв ругьунлъун вук1ун вуго рак1алде ккарал жал, рук1инисел балъголъаби абун, гьел рицун доба-гьаниса кваназе жо щун ворч1арав чи. Дунялалъул иш рук1алидеги ккун хадуб, жинцаго рицунел гьерсаздаса нечон, цо к1удияв чиясухъе ун вуго гьав. Кинабго досиеги бицун, гьикъун буго жинца бица-бицаралда г1адамалги божула ругин, т1ок1ал гьерсал рицине жиндеги бокьун гьеч1ин, щибда гьабилаян. Дов к1удияв чияс абун буго, дуца метер рузманалде рач1арал г1адамазде абейин рузман как бан лъвиндал, нуж хех къват1ире лъвайин, х1анжи мажгидалъул рукъ т1ат1ала ч1ван ине бугилан,. гьереси т1тиндал дудаса божилъи хвелин г1адамазулилан Доб мехалъ рукъзада т1ад бицатго т1аде ракь балеб бук1ун буго. Рузман лъвиндал, к1удияв чияс абураб гьабун, «балъголъи» лъалес  г1адамазде абун гьел къват1ире к1анц1изарун руго. Г1адамал къват1ире лъун г1емер заман инелде щиб ккунали, унго-унгоги биххун ун буго басрияб мажгиталъул рукъ…Гьедин ккей ц1акъ рек1ее г1еч1ев «балъголъи лъалев» нахъеги ун вуго довго к1удияв чиясде…Гьанже т1ок1аб маслиг1ат гьеч1ин гьелъие, г1адамазул дудехун бугеб божилъи хвезабизегьанже щиб дуца бицаниги  к1оларин, гьеблъиялда  бачейин дуца гьел «балъголъабазул» ишилан абун буго  к1удияс  т1аде вач1арасде
Хвахвай, хва
Россасулгун цо гьит1инабго къецгун к1алъай ккун, Маризиятие абизе бокьун бук1уна гьесде, «Дун хведал бихьилебин дуда, гьел лъималгун мунго хут1идал»-илан. Гьалъ «Дун хведал…» абун к1ал рагьарабго щиб абизе Марзиятие къвараг1ун бугебали лъалев россас, гьелъул раг1иги къот1изабун абула, «Хвахвай, хва, хадуб бихьилин лъималазулги дирги бук1унеб жойилан»
Валадимирил «гамщал»
Мунагьал чураяв Сайгидавги гьесул гьит1инав васги уна росда къват1ибехун бугеб хурире х1алт1и гьабизе. Васасда бихьула жидерго хурул раг1алда бугеб г1уру бухъ-бухъун бан ва инсоде гьикъула гьаб лъица бухъарабилан. Сайгидас абула Валадимирил гамщаз бухъун бугилан…Кидаяли нахъа гурони бич1ч1уларо Сайгидасул васасда гьел инсол раг1абазул маг1на... Росулъ  вук1ана Владимир Фёдорович абурав учитель, ч1ах1ияз Валадимирилан абулаан гьесде. Чанахъабазе г1арацги кьун жиндего квание ч1вазарулаан гьес рохьил болъонал, хъабнал. Гьев Сайгидас абурал «Валадимирил гамщал» кколаан дол хурул раг1алда рухъарарал рохьил болъоналгун хъабнал
План «к1к1ван» лъуна
Камилил рукъ базе кьураб планалда хер бук1ана борхатго бижун. Гьес  жиндаго лъалев цоясде абула жиндир планалда бугеб хер щай дурго рокъор ругел х1айваназе бецуларебилан. Дов лъалесги цоязул мотокосилкаялъгун бецула доб план, харилъ ругел пихъил к1вагьащазулгун цадахъ. Щибха Камилида лъалеб бук1араб дов лъалес хер харицелалъ гуреб мотокосилкаялъ бецизе бук1ин      
     Ургъел гьеч1есул рак1

Дида лъалев Муслим вуго гьоркьохъеб ригьалдаса дагьав турк1арав чи. Ц1акъ т1абиг1атги бокьулев, т1абиг1аталде отдых гьабизеги инкар гьабуларев чи ккола гьев. Машааллагь г1олеб сахлъиги буго гьесул. Цо къоялъ гьесул лъади,  ургъелал гьарун сахлъи дагьлъарай Г1азраца абула россасде, сундулго  ургъел гьеч1ев дур гьеб рак1 бокьилаанин дир бук1инейилан.
   -Кинда дуца анкьиде унтаби ккезарун нахъе рехилаан дир рак1-илан жаваб гьабула лъадуе Муслимица
Якьадалъе честь кьуна
Арслан служить гьавула вук1ана дагьаб цебег1анго заманаялъ погранзаставаялда. Лъик1ав солдатги вук1ун ватила гьев… Махсаро чунлъго цоцазе гьарулел чаг1и ккола Шуг1айбги Арсланги. Цо къоялъ цогидал гьалмагъзабигун цадахъ гара-ч1валула рук1аго, цо жо рак1алде щварав киниги, армиялъул бицине лъун, Арсланиде абула Шуг1айбица, дудани армиялъул командирасе честь кин кьезе кколебалицин к1очон батилилан. Арсланица унго-унгояв бажари т1ок1ав солдатас киниги берцинго щвалде щун квералъ честь кьун бихьизабула, гьеб лах1заталъ Шаг1баница «направо»-ян абун  команда  кьола. Арсланги кверца честь кьовухъе парадалда солдат киниги кьурун вуссуна цогидаб рахъалъе (жиндаго армиялъул школа к1очон гьеч1еблъи гьалмагъзабазда бихьизабизе бокьун) ва виххун хут1ула… данд йит1ун яч1уней якьад йихьула гьасда аск1ое щун…(Доег1анисан Арсланил якьад гьал ругеб мухъалдехун яч1ина йик1ин халлъарав Шуг1айбица гьалмагъзабазе кепалъе ургъараб бук1ана гьеб гьит1инабго сценарий ва щибго рак1алда жо бук1инч1ев Арсланги якьадалъе честь кьуравлъун ваккана)
Ц1иял Жапакал ("Г1ажаибал Жапакал" абураб гьит1инаб т1ехь нужеца ц1алун батила)
Гьал ц1иял Жапаказ гьабураб жо г1иц1го дица гъоркьехун рехсарал х1ужабазда рехсарал ишал гьарун ч1еч1о, жеги жакъасел къоязги щиб гьабула бугебали нилъеда лъаларо...Гьелъул х1акъалъулъ тарих к1алги къан ч1ун буго
Г1умарил гьит1инал лъабалго васал рокъор к1улакьги тун гьезул эбел тукаде ун йик1ана.Гьей рокъое швелалде х1арщ гьоркьоб лъун гьабураб ганч1ил къедалда карат1ги гьабун къват1ире лъун ратана гьелъул лъимал...Цоги къоялъ эбел цоялъуе индал къват1ирехун рорч1ун, бокьореги лъун щула гьарун рахан рук1арал бачал риччана к1иябго г1акдаде гъоркье, гьелдалъун беч1ч1изе г1ачиязул рахь хут1ич1о...Гьезул мадугьалихъ бук1ана ч1ах1иял чаг1аздагицин т1ад реч1чун гозо балеб к1удияб бихьинаб гургур. Цо к1оялъ гьел лъимал ратана ккун доб гургургун гьелъул х1ули бет1-бет1ула...
"Анжи" къеялъе г1илла
Замирги гьесухъе гара-ч1вализе вач1арав мадугьалги рук1ана метерисеб къоялъ бук1ине бугеб футболалъул матчалъул бицуна. Замирица кверги хьваг1ун абуна, "Гьа-а,"Анжи" къуна"-ян...Хадусеб къоялъ Замирил гьит1инав вас вач1ана г1айибалги гьарулаго инсухъе, нуж накаркать гьарич1елани "Анжи" къолароаниланги абун. Гьединги абун "Анжи" къей зах1малъун г1одана Замирил вас.

Дир инсул инсул вац Зайту (1933 соналъ т1аг1инавуна, "Тройкаялъ") вук1ана гьудулзаби хирияв бихьинчияв чи. Гьесул къокъабго г1умруялъул (30 сон) г1емер жо хъвазе бегьула. Амма дие бокьун буго гьит1инав г1олохъанчи вук1аго Зайтул ккараб цо лъугьа-бахъиналъул хъвазе. Мадугьалихъ бугеб Буртинаялдаса цо лъик1ав гьалмагъ вук1ун вуго гьасул. Дов гьалмагъасе ч1ужу ячуна йик1ун йиго. Берталъе ах1арав Зайтуца инсуде гьарун буго г1арац, дов гьалмагъасул берталъ намусалъе кьезе. Инсоца абун буго мун хьихьаралде т1аде дур гьалмагъгийищ дица хьихиьизе кколевилан ва г1арац кьун гьеч1о ( г1адат бук1инч1еб къа1ида ч1ужу ячинч1ев чияс берталъе намус кьезе кколеб). Ресалда гьеч1ев жиндирго гьалмагъасе лъик1аб сайигъат гьабизе бокьарав Зайтуца буртабазул цо сородаса гьакибер(гьакил бурдул багьа хириял жал рук1ун руго) бикъун гьебго росулъ цогиясе бичун буго ва щвараб г1арац берталъе намусалъе кьун буго....Хадусан дагьаб заман индал т1атун буго гьеб ц1огь. Ах1ун вуго Зайту суд гьабизе Буртинаялде. Ц1ех-рехх гьабулаго Зайтуца абун буго дозул судалда, бугесулги босун гьеч1есе кьунинха жинцайилан. Унго-унгоги Зайтуца гьакибер бичараб г1арац щибго жиндего пайдаялъе теч1огун х1ажалъи бугев гьалмагъасе кьун лъадал гьакибет1ералъул бет1ергьанчияс судалдаса г1арза нахъе босун буго.
Официалиял лъазабилда рекъон г1урус мац1алъул словарь т1аде ц1иял раг1аби жоран хисизабулеб буго. Бокьилаан гьаб гъоркьехун рехсараб словарьги гьенибе ккезе

"Бахькъосалъул" толкови словарь

Доллар (США) - гъурущилан абураб чода рек1арав чодахъан (кавалерист)
Гъурущ (рубль) - учузлъизе г1едерараб Россиялъул валюта
Марага - официалияб гуреб лъазаби, информация
Мац1ц1 - г1ужде реч1чарал информациялъул раг1аби.
Г1арац - г1емерлъанаг1ан г1адан гьаг гьавулеб "наркотик"
Гьереси - уяб жо гъорлъ бугеб информация
Бит1араб жо - бахчараб гьереси гъорлъа камулареб лъазаби
Официалияб лъазаби - "фильтразда" гъорлъан биччараб лъугьа-бахъин
Выборал - ц1огьор власталде вищи
Пресс-центр - "кьог1аб" уяб жо "гьуин" гьабизе гъорлъе гьерсал жоран рекъе-решезабун бицунеб бак1
Ц1огьодуларев х1аким - теориягун абстракциялдаса бач1араб раг1и.
Бихьинчиясул к1иго раг1и бук1ине ккола - х1акимчиясул аби
Бихьинчиясе ихтияр бук1унаро ункъго гурони ч1ужу ячине - Жеги ункъгоял рачине гьесие бокьани, дол ункъалго гьес риччазе ккола, цадахъго ва цо-цо ккун.
"Правда" - уяб рахъалъеги буссун, гьерсидехун гьет1и.
Нилълъ - лъик1аб ккани дун, квешаб ккани мун
Гъол - г1айибиял ва квешалщинал
История - бокьиги бегьунгут1иги цоцалъ рагъун кколел лъугьа-бахъиназдасан бижараб г1елму
Вехь - депутатлъун ккезе рес бугев т1оцевесев кандидат
Удаман - г1ухьбузул муг1алим
Жигули - оцалгун, чуял къвариг1унареб гьоко
Иномарка - басрияб ц1илъи бугеб машина
Багьаяб иномарка - добахъа рехизе барахщун, къач1ан нилъер гьанибе бичизе бит1ун бач1араб машина
К1к1уй, смог - машинаялъ угьулеб х1ухьел
Къват1 - машинаби г1емераб бак1
Тротуар - машинабазул стоянка
Компьютер - г1абдалзабазда цебе х1алт1улеб г1акъилаб машинка


Цо чу камуна
К1удияв чи Г1умар жиндирго чуязул элхъи хьихьун цо г1алахалда вук1ана. Цо жо рак1алде ккарав гьасда цо чу элхъиялда гъорлъа камураблъун ккола. Т1ад-т1ад вуссун Г1умарица чуял чанц1олго рик1к1ана, амма кинго гьезда гъорлъа цояб камун батулеб бук1ана. Бугелъуб элхъиги тун, чода рек1арав Г1умарица къоца г1алах сверула, амма чу кинги батулеб бук1инч1о. Бакъанил г1ужалда элхъиялде аск1ове щун, чодаса гъоркье решт1ун, Г1умар свакаялъ т1анк1ан г1одов ккола... Дагьаб заманаялдасан макьидаса ворч1арав гьас нахъеги чуял рик1к1уна. Гьел камун ратич1о. Ургъарав Г1умарида рак1алде щола, доб цебесала рик1к1унаго, живгорек1араб чу рик1к1валилъе босизе эс гьабич1олъиялда
Мах1ачил х1акъалъулъ лъугьа-бахъинал:
 Бащдаб саг1аталъ гуреб, суткаялъ...Колхозалъул шофёр Мах1ач маг1ардехун бугеб фермаялде росолъа рогьинелде вахъун саг1ат анлъгоялде бащдаб х1алт1идал щвезе кколаан, гьениса дояркабаз реч1ч1арал г1ачиязул рахьги босун, нахъе ине. Цо къоялъ дагьаб ццудунго маг1арде щварав гьас, жеги заманги бугинхайилан рак1алде ккун, фермаялде щвелелде, машинаги ч1езабун, цадахъ бук1араб квана-гьекъезе жо къват1ибеги бахъун"дагьа-дагьаб жо" гьабизе  лъугьуна. Гьеб "дагьа-дагьаб" жо г1емерлъараб къаг1ида, кват1изег1ан сордоялъги кьижич1ев Мах1ач макьу бач1ун гъапуллъун ккола... Макьидаса ворч1арав гьасда саг1ат анлъгоги т1убан т1асан ун батула... Гьасул машина фермаялде щведал гьениб ах1и-х1ур батула гьав киве ккаравали лъач1огон. Мах1ачица абула гьезда, щиб цо бащдаб саг1аталъ дун кват1унилан гьеб х1алалда г1айибалищин жинде гьаризе кколелилан. Хадуб лъала гьесда жив бащдаб саг1аталъ гурев, цо сордо-къоялъ вегун ккун вук1араблъи.
Диде эрга бук1ана щун
Мах1ач унтун райбольницаялде ккун вук1ана. Гьав вегизавураб палатаялъур рук1ана жеги унтарав к1иго чи. Цо дагьал къоял ун хадуб, хола дов к1иясулъаго цояв ва хадусел къоязго хола цогидавги унтарав. Живго палатаялъув хут1арав Мах1ач сахлъилелдего гьеб больницаялдаса нахъе лъутула. Рокъор ругез щай мун сахлъун лъвинелдего вач1аравилан гьикъидал, Мах1ачица абула палатаялъуб хвезе эрга жинде щун бук1анилан.

Дица мун к1и йихъич1огон телефон Мух1амадихъе кье
Цо къоялъ Марзиятида бер ч1вала нухасан хехго хъамун машинагун веххехун унев жиндирго росс Мух1амадида. Паркъун унеб машинаялъуй цо ч1ужуг1аданги йик1арайлъун ккола гьалда. Марзиятица хехго телефон къват1ибеги бахъун росасул номералде к1алъала. Амма гьесул телефоналдасан ч1ужуг1адан к1алъала, гьев занят вугин, дагьай нахъа к1алъайиланги абун. Ццин бахъарай Марзиятица абула, дун гьениеги яч1ун дица мун к1и йихъич1огон, Мух1амадихъе кье телефонилан. Амма ццинги чучун хадуб эсалде яч1арай гьалда бич1ч1уна, жинде к1алъараб ч1ужуг1аданалъул гьаракь телефоналъул автоответчик бук1ин
Мух1амадх1ажилги Х1асанилги ккараб лъугьа-бахъин
Оцазул щанк1лазда ч1варал т1екъвамаг1алги ч1ч1ик1ун ц1иял гьелги щоларогун вук1ана Мух1амадх1ажи. Цере гьел росдал къебедас гьарулаан, амма цебего росулъ къебеллъи х1алт1улеб гьеч1олъиялъ гьел т1екъвамаг1ал щвезе бак1ги гьеч1огон ургъел бикьулев вук1ана Мух1амад х1ажи годек1анив. Гьениса цояс абула гьасде, жинда лъалин т1екъвамаг1ал лъил ругелали, жинца абуниланги бицунге, Х1асанил кьоч1олъ рахчун рихьанилан гьелилан. Мух1амадх1ажи уна Х1асанихъе ва гьикъула т1екъхва маг1ал гьеч1ищан. Х1асаница гьеч1илан лъазабидал, гьас абула кинила цинги гъол хварал чаг1азда божилел, нолъ эбел йихьун йик1ана макьилъ, гьелъ абуна, духъе айила гьел т1екъвамаг1ал гьаризе, дур кьоч1олъ рахчун ругин гьелилан. Гьеб бицараб жо уйилан ккун, тамашалъарав Х1асан, рпугелъуса т1екъвамаг1алги росун гьел Мух1амадх1ажихъе кьуна.
Забиятица жинцаго турпи гъоркье решт1инаруна
Хуриса бак1арараб ламадоралъул турпузул машинаги ц1ун, гьеб бичизе Мах1ачхъалаялде уна росулъа цо чангоял. Цогидал ламадоралъул бет1ергьаби автобусалда рек1ун рач1инеги тун, Забиятги цо бихьинчиги рек1уна машинаялда базаралда щваралъуб машина ч1ехьезеялъе г1оло. Гьенире щун турпи гъоркье решт1инарулел рук1ана. Т1ирун ц1урал гьел решт1инаризе бигьа бук1инч1о. Гьев бихьинчияс жиндего х1алщвезе теч1огон, Забиятие бак1лъизабулеб бук1ана. Гьебги бич1ч1ун, мунги таргьаги к1иялго раччизе дида к1олариланги абун, гьев нахъеги ах1ун, жинцаго решт1инаруна машинаялдаса гъоркье турпи Забиятица
Санаториялдаса кьурал справкаби
Исана Булачги Баширги х1алт1ун щвараб г1арацги бак1а-бахарун санаториялде ун рук1ана отдыхги гьабулаго рук1инейилан (цо-цо руччабазулгун танца-манцабиги камуларелъулха гьениб). Лъаларо санаториялда ц1акъго рак1ищ Булачил рекъарабали, гьес 300 гъурущ врачасеги кьун гьав к1иясулго ц1аралда справкаби росула гьесухъа, соналда жаниб гьеб санаториялда к1иц1олго рач1ун курсал гьаризе кколилан хъварал. Гьаб дир ц1аралда хъвараб справкаг1аги щай дуца босарабилан Баширица гьикъидал, Булачица абула, диего справка босун тарабани дир ч1ужу гьеб справкаялда божизе йик1инч1илан
Гучал гьерсал
Цоцаздаса къинч1огун "гьорозарурал" жал рицунел чаг1и рук1ана вацал Камилги Х1асанги. Цо къоялъ годек1анир ч1аралъур Х1асаница абун буго жинда зодисан боржун унеб гважи бихьанилан. Жиндирго вацас бицунелда г1адамал релъилелилан хадубго Камилица цебеги ккезабун абун буго, гьеб жиндаги бихьанилан, ц1умалъ босун инаги бук1ун,гъолда кквезе к1веч1огун бортун унеб бук1анилан гьеб гважи..
Дуцагийищ т1ажу босараб?..

Рагъда хадусел соназ армиялде ккарав Мух1амадх1абиб, армиялъул заманги лъун рокъове вач1унев вук1уна. Цо шагьаралде щварав гьав уна тукаде ва жиндего бокьараб т1ажу бищун бегьулищали лъазе гьеб рет1улев вук1уна. Данд вит1ун цоявги вихьула гьасда жиндирго г1адинаб т1ажу рет1улев. Дуцагийищ гьадинаб т1ажу босарабилан абула досул т1аждада бералги лъун Мух1амадх1абибица… К1удияб мат1у цониги нухалъ бихьич1ев Мух1амадх1абибица кинха эс гьабилеб бук1араб дов дандвит1ун вугев чи мат1уялъусан вихьулев живго вук1иналда
Трактор машина гуро..
Х1ажимурадги гьесул вас Мусаги машинаялда рек1ун рач1унел. Трассаялде нух жобалелъуб Х1ажимурадица абула васасде, балагье гьенисан машина бач1ина бугищали. Гьеч1оян Мусаца абидал машина трассаялде лъугьуна бук1уна, амма т1аде щвараб Беларусь-трактор дагьаб хут1ула гьазул машинаялда кьабизе. Эмен вагъула Мусаде, дуца абуна гурищ машина бач1ина гьеч1илан. Трактор бугоха гьебилан жаваб кьола васас.

Х1еж борхизе арал Ах1мадилги Мух1амадрасулилги Маккаялда ккарал.
Цо къоялъ дунялго ц1урабилан абухъе бугеб халкъалда гъорлъ мац1 бич1ч1унев чиго ватич1олъиялда рух1 сверарав Мух1амадрасулица цо данделъаралъуб Ах1мадида абула, ни черта г1урус мац1 лъаларо гьал г1арабияздайилан
Х1еж борхиялъул шурут1ал т1оразарулеб гьоркьоблъиялда г1емераб г1аламалда гъорлъан инаго, росуцояздаса ват1ат1ун ккун вилула Ах1мад. Цо заман ун гьев ватун хадуб Мух1амадрасулица абула гьалмагъасда, г1урус ракь сверун г1емер  шагьарал рихьарав  мунг1аги кин гьанив вилизе кколевилан
Х1еж борхиялъул ишал т1оразаризе кват1иларедухъ хехго   доре-нахъе  унел   г1адамазулъа цояв тункун вач1ун Мух1амадрасул г1одов ккезе дагьав хут1ана. Ццин бахъарав гьес зар хьваг1изехъин бук1ин бич1ч1арав Ах1мадица ах1ула, воре х1еж т1обай хвезабизе гурин дуцайилан. Гьедин ццин къулч1изе ккарав Мух1амадрасулица, цого гъ-гъ-гъйилан гьаракь гьаби гуреб, квешаб раг1и абич1огун борч1ана тункарасда
Мух1амадг1алихъе а план бихьизабизе
Росдал глава администациялъун Г1умар тараб мех бук1ана. Ц1ияв росдал бет1ерасул тамахлъи бич1ч1ун, руччаби рач1унаан гьесухъе жидее план кида кьезе бугеб абун гьикъардизе. Щибаб къойил рач1унел гьез бет1ер хвезабун бук1ана гьасул. Планал кьезе бак1ги гьеч1еб, ругел рекьулел ракьал планазе рикьизе ккани гьеч1еб ихтиярги…Ахирги гьел руччабазул к1алъай ч1алг1арав Г1умарица щияй ч1ужуялъухъе кьуна гьабун хъвай-хъваг1игун, печатьги кьабурал кагътал, гъоре Г1алимух1амахъе а нужее планал рихьизаризейиланги абун…Г1али мух1ама вук1ана росдал хабалазухъ охранлъун вугев чи, живгоги кутакав махсарочи гьев. Щибго рак1алда жо гьеч1ел руччаби рач1уна Г1алимух1амахъе кагътал цереги ккун руччаби, илъа нижее планал рихьизареянги абун. Щиб-кин лъаларев гьав вихич1о ва рагьун хабалазул кавугун руччабаздехун вусун абула, лъугьа жанире, бище нужеего бокьараб бак1илан


Запасной бер
Цо дагьаб цебег1анго Лъарат1а мухъалъа Х1амзат ккун вук1ана Бакуялде бералъе операция гьабизе, гьениб бугеб клиникаялде. Бер бахъаралги, бахъизе бугезулги ц1ун бук1анилан бицана Х1амзатица гьеб хасаб клиника. Аск1ов вук1анила цо математика кьолев учитель. Бералъе операция гьабурав гьев ц1акъ настроение хун, г1одовеги къулун вук1унаанила. Жинца абунила гьесде, мун щай гьеб х1алалда г1одове къулун вугев, гьал цогидазулги рахъун руго берал, запасалъе цо-цо бер бугоги нилъее тун, гьеб г1оларогунищ мун вугевилан. Махсародул гурони к1алдиса раг1и унарев Х1амзатгун анкьица к1алъан гьеч1о гьев азербайджанав, гьасул махсаро бич1ич1огун
Законный зиярат

Нилъер диналъул цояв  ккун вуго г1урусав хун гьабураб зигаралде. «Поминкаялъе» дагьа-дагьаб жоги т1ун буго гьасие гьениб… Кеплъарав «бусурманчияс» зигаралъул к1удиясде аск1овеги ун абун буго «валлах-биллах это законный зияратилан». Анкьица дуг1аби ц1алун, зигаралда эхетун вук1инег1ан,  дагьа-дагьаб жо «поминкаялъеги» гьабун бигьаго нахъе ин берцин бихьун батилаха гьесда…

Дун врач гуро, тракторист вуго

Цо нухалъ  гьалмагъзабазда аск1ов г1одовч1ун, чай гьекъон гара-ч1валулев  вук1уна Х1амзат. Телефоналдасан к1алъан бач1уна гьасда лъадиялъ, жиндир вацг1ал Мух1амадг1али унтун квеш лъугьун вугин, щибин гьабизе кколебилан… Дида щиб лъала, дун врач гуро, тракторист вугоха йоян абула гьудул-гьалмагълъигун  вугев Х1амзатица…

Жакъа рузман буго…

Лъимаде йигей лъадиялъ Мух1амадг1алида абула, жинде лъимер гьабизе заман щун бугин, хехго больницаялде щвезаейилан…Жакъа рузманалде ине ккола дун, метер субботаялъ рохьове ине вуго ц1ул х1адур гьабизе, сезе воскресенье выходной къо бугоха, понедельникалъ бегьуларищ мун дое щвезайизейилан гьикъула гьелда Мух1амадг1алица.  Гьесда ццин бахъун, бегьулаянги абун жание лъугьуна гьей… Г1емерго заман инелдегьебго къоялъ рокъобго лъимер гьабула Мух1амадг1алил лъадиялъ
 
Берцин йихьарай якьад

Якьад  къадаралде щола. Гьей унтун йик1ун, рокъор рак1арун рук1ана цебесеб г1агарлъол г1адамал. Рук1ана гьенирго къадаралде щваралъул к1иявго дурцги… Жема-къемун нилъеда аск1оса инелде цо ахиралдаги якьадалда бер ч1вазе илъайилан пашманго  абула гьезул цояс жиндирго дандиясдехун вусун… Жакъаг1ан берцин эбел мун цог1аги нухалъ йихьун йик1инч1о дидайилан абула гьелде аск1орег1ан къаразулъа к1иабилев дандияс
Гьаб МТС гьенибегийищ щолеб…

Цояс Г1умарихъе бач1уна мобильникалдасан гудок. Телефон борхун мун щивилан гьикъидал, дов цояс рехсола, дагьав цевег1ан къадаралде щун «доб дунялалда» вугев Г1умарида лъалев вук1арав цо чиясул ц1ар. Вах1, гьаб МТСалъул звонок гьенибегийищ щолебилан жаваб гьабун абула Г1умарица.

 

Рэкетирасде данде рэкетир вахъана

Дол 90 абилел соназул заман бук1ана. Ах1мад вук1ана Дагъистан тун къват1ивехун ун, гьениб «г1иси-бикъинаб» рэкет гьабун бет1ербахъиялда. Гьав вухун дов х1икъизавун, гьезул г1арац,рет1ел бахъун вук1унаан гьев. Гьедин модаялда баккараб силияб рет1улеб жо камун гьав ч1олароан. Цо къоялъ къот1носан унев цо г1олохъанчиясда рет1ун рихьула Ах1мадида «Адидас» фирмаялъул кроссовкаби хьитал. Хьитал хут1изег1ан, цогищинаб рет1ел, кепка гьебго фирмаялъул бугев Ах1мад уна гьев г1олохъанчиясда хаду-хадув, гьесдаса гьел хьитал рахъизе хиялазда. Ахирги цо бец1аб бак1алъе щведал Г1умар гьев вухизе жовала, хьитал рахъизе бокьун. Амма дов г1олохъанчи ватула чучав гурев, гьасдасаги къуватав чи. Лъик1аланго заманаялъ ккараб кьабг1еялъул х1асилалда Ах1мадил х1ал лъуна…Вигьун хадуб Ах1мадида жиндаго т1ад доб ч1ух1араб «Адидас» фирмаялъул рет1ел батуларо, дов гьасдаса бергьаравги рэкетир вук1араб къаг1ида.

 

Гьадай ч1ужуг1адан берцинлъула берцинлъула йихьула.

Цо нухалъ Гереханги Сулайманги рук1ана гьазул цо гьудулас роххалилаб квана-гьекъеялъулаб цо сух1маталде ах1ун…Ч1ух1араб цо рестораналъур столалда нахъа г1одор ч1ун рук1уна гьал. Каму-тараб квана-гьекъеялъул «сурсатал» столазде раччун, женжедилей цо официанткаги йик1ана. Г1емер цо беричай жойищ гьей йик1инч1еяли, Сулайманица абула гьалмагъасда т1ок1ай берцинай ч1ужуг1адангойищ гьазда ятич1ей нилъее квен баччизейилан… Гьедин квана-гьекъола рук1уна гьал, роххел-сух1матги разгаралда бук1уна. Столалдаса камизе теч1огун кванаялъул. гьекъеялъул «сурсатал» раччун дое-гьание хьвадулей дойго официанткаги йик1уна. Аск1ое яч1анщинахъе берцинлъула берцинлъула йигиланн ккола дида гьадай официанткайилан абула Сулайманица Гереханида… Гьав к1иясдаго цере лъурал коньякалъул  шушбухъ бугеб жо лъик1го г1одобег1ан ккун бук1ана.
Гьаб МТС гьенибегийищ щолеб…

Цояс Г1умарихъе бач1уна мобильникалдасан гудок. Телефон борхун мун щивилан гьикъидал, дов цояс рехсола, дагьав цевег1ан къадаралде щун «доб дунялалда» вугев Г1умарида лъалев вук1арав цо чиясул ц1ар. Вах1, гьаб МТСалъул звонок гьенибегийищ щолебилан жаваб гьабун абула Г1умарица.

 

Рэкетирасде данде рэкетир вахъана

Дол 90 абилел соназул заман бук1ана. Ах1мад вук1ана Дагъистан тун къват1ивехун ун, гьениб «г1иси-бикъинаб» рэкет гьабун бет1ербахъиялда. Гьав вухун дов х1икъизавун, гьезул г1арац,рет1ел бахъун вук1унаан гьев. Гьедин модаялда баккараб силияб рет1улеб жо камун гьав ч1олароан. Цо къоялъ къот1носан унев цо г1олохъанчиясда рет1ун рихьула Ах1мадида «Адидас» фирмаялъул кроссовкаби хьитал. Хьитал хут1изег1ан, цогищинаб рет1ел, кепка гьебго фирмаялъул бугев Ах1мад уна гьев г1олохъанчиясда хаду-хадув, гьесдаса гьел хьитал рахъизе хиялазда. Ахирги цо бец1аб бак1алъе щведал Г1умар гьев вухизе жовала, хьитал рахъизе бокьун. Амма дов г1олохъанчи ватула чучав гурев, гьасдасаги къуватав чи. Лъик1аланго заманаялъ ккараб кьабг1еялъул х1асилалда Ах1мадил х1ал лъуна…Вигьун хадуб Ах1мадида жиндаго т1ад доб ч1ух1араб «Адидас» фирмаялъул рет1ел батуларо, дов гьасдаса бергьаравги рэкетир вук1араб къаг1ида.

 

Гьадай ч1ужуг1адан берцинлъула берцинлъула йихьула.

Цо нухалъ Гереханги Сулайманги рук1ана гьазул цо гьудулас роххалилаб квана-гьекъеялъулаб цо сух1маталде ах1ун…Ч1ух1араб цо рестораналъур столалда нахъа г1одор ч1ун рук1уна гьал. Каму-тараб квана-гьекъеялъул «сурсатал» столазде раччун, женжедилей цо официанткаги йик1ана. Г1емер цо беричай жойищ гьей йик1инч1еяли, Сулайманица абула гьалмагъасда т1ок1ай берцинай ч1ужуг1адангойищ гьазда ятич1ей нилъее квен баччизейилан… Гьедин квана-гьекъола рук1уна гьал, роххел-сух1матги разгаралда бук1уна. Столалдаса камизе теч1огун кванаялъул. гьекъеялъул «сурсатал» раччун дое-гьание хьвадулей дойго официанткаги йик1уна. Аск1ое яч1анщинахъе берцинлъула берцинлъула йигиланн ккола дида гьадай официанткайилан абула Сулайманица Гереханида… Гьав к1иясдаго цере лъурал коньякалъул  шушбухъ бугеб жо лъик1го г1одобег1ан ккун бук1ана.
«Унти ккаяв Исмаг1ил»

Большевик1азулаб, лик1безазда гьит1инал, к1удиял киналниги лъавукъал рук1арал г1адамал ц1ализарулеб заман бук1ун буго. Росулъ  учительлъун вук1ана Кантукаев Исмаг1ил абурав чи. Лик1безазе рихьизарурал ч1ах1иял гурел отаразул рукъзабахъ г1исиналги, ч1ах1иялги цадахъ ц1алдезарулаанила. Ч1ах1ияб кьералъе гьеб ц1али гьабизе зах1матго бук1араб куц. Гьеб лик1безалда ц1алулей цо к1удияй ч1ужуг1адамалда щибго бажарулеб бук1ун гьеч1о учителасул ц1ар Кантукаев Исмаг1илилан абизе, Унти ккаяв Исмаг1илилан абулеб бук1ун буго гьелъ учителасул ц1ар рехсолаго.
Алжан гуро гьеб
Цо росулъ дибирас ваг1за г1абула бук1ун буго, Алжан щибжояли бицун. Гьениб бук1унеб лъик1абщинаб бицунаго цояс гьикъун буго дибирасда гьенир гьангун ражи-хинк1ал рук1унищилан. Ражи-хинк1ал рук1унеб бак1 гурин Алжанилан дибирас жаваб гьабидал, гьангун ражи-хинк1ал гьеч1еб бак1 Алжан гурохайилан абун буго гьев чияс

Казахстаналда ганч1ил гох1

 

Арсенгун гьесул гьалмагъзаби ккола бажари бугел предпринимателал. Китаялде хьвадун къай босун бичун, бажариялда бизнес гьабула рук1уна гьел. Махсаро-кепги гьезул кисиниб бахчун бук1унаро. Нагагьлъун цоясул гъалат1 ккани к1ар-к1арияб релъиги камуларо гьезул, амма гьезда жидедаго релъулелги камуларо цо-цо мехалъ…

Арсен гьалмагъзабигун Китаялде ине къват1ире рахъун, ц1урал сумкабигун Мах1ачхъалаялде вокзалалде щола. Гьенив дежурствоялда ватула гьазул лъик1 лъалев цо милицияв. Гьесул кабинеталъур сумкаби лъола гьаз. Поезд бач1инег1ан къват1ирехун сверизе  гьал индал милицияс Арсенил сумкиниб газеталъулъги жемун бак1аб цо к1удияб гамач1 лъола…Поездалда Астраханалде щун, гьенисан автобусалда  Атырауялде ун, добасанги рек1ун Казахстаналде щола, сумкабиги киса кирего раччизе ккеларищ. Китаялде самолёталде рек1унаго сумкабазул хал гьабулеб аппараталъ Арсенил сумкаялъуб «данде кколареб алат» бихьизабула. Сумка ч1инхъидал доб гамач1 батиларищ…Цо заманги ун хадуб махсаро-хоч1алда рук1аго Арсеница абула жив г1адинал  цоги 100 чи вук1аравани дуниял т1егьазабулаанилан. Г1енеккун вук1арав гьалмагъас абула, дунял т1егьайни лъаларин, амма Казахстаналда рукъалъул фундаменталъе г1ураб гамач1 бак1арилаанин гьеб мехалъилан…

Раг1уда хадуб

Цох1о Арсенил кколеб жо гуро гьединаб гъалат1. ГЭСалда х1алт1улаго продуктазул дефицит бук1араб мехалъ продуктал ричизе рач1унаан ниж х1алт1улеб бак1алъе. Г1анк1абазул тушкаби жаниб лъураб дир сумкиниб гьалмагъзабаз рак1ал маххул клинал лъун ратана.рокъове щвезег1ан раччана лъач1огун. Гьединго Х1ажица Узбекистаналдаса х1алт1ун рокъове унев Мух1амадил деффициталълаб къай жаниб бугеб гьесул сумкиниб гачицаги бетоналъги чурук гьабураб басрияб х1алт1ол рет1ел буг1ун къазабун бук1ана.Мух1амадидаги гьеб Хасавюрталде рокъове щвезег1ан лъач1о…

Командировкаялдаса нахъ  руссун лъик1 г1арац щун к1игояв нижер х1алт1ухъан ч1ух1араб рет1елгун,дипломат кодобгун рач1ун рук1ана х1алт1оде.Вагончикалъур рет1ел хисун гьел х1алт1ол бак1алъе араб мехалъ цо чунлъал махсараби рокьулес  семечка бан бук1ана цоясул ц1ияб кожанкаялъул каранда кисинибе ва цогидасул дипломат сумкаялъубе…Вагочикалъур г1унк1к1ал г1емер рук1ана.Семечкаялъул мах1 бач1индал г1унк1к1аз кожанкаялдаги дипломаталдаги карт1ал гьарун семечкаялде нух бахъиларищ…
«Эбел-эмен дие квеш хьвадила руго…»
Телефоналдасан к1алъалей к1одоэбелалда раг1ула жиндирго васасул ункъо сон барав вас г1одулев. Мун щай Г1али г1одулевилан гьикъидал, гьес абула гьаз толарогохайилан. Мун эбел-инсуе квеш хьвадулев ватилаян  абула гьесде к1одоэбелалъ. Гьеч1о, гьал дие квеш хьвадила ругойилан жаваб гьабула   синкъиялда г1одилаго гьит1инав Г1алица
Ч1емаг1 къач1азе лъач1ев (15 ноября 2011)
Къадар ккун хвана росулъа цо к1удияв чи. Къороллъун хут1арай гьесул лъадиялде т1аде зигар гьабун рач1унел рук1ана руччаби."Алжан щвайги гьесие", "Алжан гвангъизабулев чирахълъун ватаги", "Алжан къач1азе арав ватаги".Гьедин т1аде рач1арал руччабаз зигар байдал,хварасул ч1ужуялъ абула:
-Алжан кибч1ере гьес къач1алеб, г1умруялда жаниб рукъалъул к1алт1а бугеб ч1емаг1(калитка) къач1ан бажарич1ев-илан