Г1амирг1алих1ажи, Садикъ, Беркиханх1ажи

Салих Салихов 12
 Шапиева (Мух1амадова) Къумаца бицана

Гьит1инай ч1ужу дун г1емераб мехалъ унтун йик1ана. Реххе-эхеде инаго нижелъусан унаан нижер г1агарал Г1амирг1алих1ажи, гьесул вас Садикъ (Гьев к1иявгоги рук1ана росу тун къват1ирехунги лъик1 лъалел г1алимзаби, 1937 соналъ репрессиялде ккун т1аг1ана к1иявгоги). Гьедин вач1арав Садикъица дун йихьидал эбелалде абуна, дуца щайила гьай Къума унтун йик1ин жинда лъазабич1еб, гьадиг1ан заманаялъ унтизе жинца гьай толароанилан. Гьес хъах1аб бозил ххамил кесек кьезабун, гьелда Аварагасул кверзул сурат бахъана ва гьелда хъвай-хъваг1иги гьабун гурун дихъе базе кьуна. Гьеб бан к1иабилеб къоялъ дун щибго лъвинч1ейг1адин т1аде яхъана сахлъун...Къебедил Дадал (1933 соналъ ч1варав чи, гьесул х1акъалъулъ архивалда хъван буго политбандаялъул бет1ер вук1анилан) ч1ужу  Таибатил рукъ бух1ана гепуялъул чаг1аз. Дун эбелгун гьабихъе яч1ун йик1ун, сардилъ Алмахъалда зобго гвангъизабун бук1ана ц1алъун рух1улел рукъзаз. Гьабихъего раг1унаан хъуйдулел "Кье, кье"ян ах1улел гьаркьал. Гьел рук1ун ругоха дол гепуялъулал Дада жидехъе кьейилан, гьев вугеб бак1 бицейилан хъуйдулел... Список гьабун бач1ана росулъе рачун ине ругел чаг1азул. Гьезда гъорлъ рук1ана Г1амирг1алих1ажи, Садикъ, Камалодин, Беркиханх1ажи. Г1амирг1алих1ажиги Садикъги рачун ана, гьезул рокъор рук1арал т1ахьалги рух1ун. Беркиханх1ажи вачунеб мехалъ, гьев ц1акъго к1удияв чи вугилан, нухдаго хвезе бегьулин гьевилан рокъов тун вуго. Гьелда хадубги чанго сон г1умроялъул бан буго Беркиханх1ажица Камалодинида жиндаго хадур гепуялъулал рач1ина рук1ин лъан буго ва цоязул берталъе ун вуго гьев. Киназдасаго бергьун кьурдун, щияй ч1ужу кьурдизе яхъинаюн вук1ун вуго гьай-гьуялда. Камалодинида хадур рач1арал гепуялъулаз квер хьваг1ун тун вуго гьев, гьединав чи ц1аларав вук1унариланги абун.