К1удияв Къурах1ма

Салих Салихов 12
К1удияв Къурах1мал х1акъалъулъ цо-цо биценал

 

Алмахъалдаса К1удияв Къурах1мал (Айдемиров)(1904 соналъ къадаралде щварав) яс Т1агьиратил лъимал  кколаан, устарзабаз жидер к1алъаялъулъ, хъвай-хъваг1иялъулъ к1удияв муридилан рехсолев  Нург1алил Г1абдурашид, Х1ажи, Къурах1ма, Г1абдужабар (рагъда т1аг1арав), Зайгьарат (85 сонги бан нахъа къадаралде щварай)

Алмахъалда вук1ана жиндир заманаялда г1адамазда лъик1 лъалев вук1арав К1удияв Г1абдурах1манилан абулев чи. Гьес бицун буго цо зигаралда ругелъуб К1удияв Къурах1маца бицаниланги абун: Гьадал х1амул гурони унарел муг1рузул сухъмахъ-нухаздасан г1ат1идал почил нухал рук1ине ругин, гьел нухаздасан ц1аялъ х1алт1изарулел гьакал (гъудалахъал) хьвадизе ругин. Цоги заман бач1ине бугин ц1еца х1алт1изарулел маххул х1анч1и роржунеб. Моц1роде роржунел г1адамалилан цо чаг1иги рук1инила. К1удияб цо рагъулъ г1емерал бихьинал т1аг1ун, руччаби г1емерлъараб мехги бихьизе бугилан.

Г1абдурашидица бицанила,цо лъилали зигаралда ч1аралъуб жинда т1оцебе жиндир эбелалъул вацг1ал Х1ажимух1амаца (Таймасханил вас, 1946 соналъ къадаралде щварав) бицуна раг1анила, Т1арикъат х1алт1изабизе бокьарав чи Къах1иса Х1асан устарасухъе ине кколилан.

К1удияв Къурах1мал кьибилалъул чаг1и ккола Къайичевал, мунагьал чураяв Жаватхан, Исрапил, Дало, мунагьал чураяв  Мусал Насролал хъизан Нузайрат. Гьев К1удияв Къурах1мал зиярат бугелъуб, Жаватханил квербагъариялдалъун дагьаб  цебег1анго рукъ  бана.

Алмахъалда, бакъ баккулеб рахъалъан росдаде балагьараб бак1алъ бихьула Вакъму абулеб бак1. Гьеб бук1ун буго К1удияв Къурах1мал бак1. Гьес жамаг1аталъул Зиярат-хабалалда гъоркьехун бугеб бак1 т1алаб гьабун буго( хабал агьлоялъе хут1изе)  Вакъмуйилан абулеб бак1алъухъ хисун ва росдал жамаг1аталъе хабалазе х1алт1изабейилан тун буго. Гьеб Зиярат-хабалалда гъоркьехун бугеб бак1алъ вукъунги вуго К1удияв Къурах1ма. Зиярат-хабал ц1ун, гьанже ц1и хабал рагьун буго гьениб.

Дагъистаналъул муфтийлъун вук1арав мунагьал чураяв Абубакарх1ажил, гьесул эмен Харсм1х1амад х1ажил ункъабилев эмен  Алмахъалдаса К1удияв Къурах1ма вук1ун вугилан Х1ажимух1амаца бицуна раг1ун бук1ана дида. Гьале гьал къояз Ц1иликьа Харсмух1амадх1ажил г1агарлъиялъул Забрудинги, гьесул гьалмагъги рач1ун рук1ана Калининаулалде К1дияв Къурах1мал чаг1и ц1ехон, гьелгун гара-ч1вализе. Гьелгун цадахъ дунги илъана гьеб ц1ех-рехх гьабизе. Ниж щвана Алмахъалде К1удив Къурах1мал кьибилалъул чи Х1амзатов Исрапилихъе, Калининаулалде Идирисил Г1алиасх1абихъе. Гьалбал  щвелелдего дун щун вук1ана Г1алиасх1абил яц Аминатихъеги..

Х1амзатов Исрапилица (Жаватханил, Исрапилил, Далол фамилияби цоязул инсол ц1аралдасан, цогиязул к1одоинсул ц1аралдасан руго) бицана жидер эмен Г1абдулкъагьирица бицунааниланги абун, Къурах1ма бергьарав г1алимчи щайихг1адав чи вук1ун вугилан. Гьесул рук1ун руго г1емерал т1ахьал. Къурах1ма къадаралде щвараб мехалъ, гьесул вас Исмаг1илица (Буртинаялдаса Ражабил эмен) жиндиего кколеб т1ахьазул бут1а гьоко ц1ун ун буго босун. Х1укумат хисун хадуб бусурман т1ахьал нахъе рахъулеб мехалъ, Исмаг1илица гьел т1ахьал ракьулъ рахчун руго…Къурах1маца бицунаанила ккезе бугебщинаб жо: Нухал г1ат1илъун, гьенисан ц1еца х1алт1изарулел гъудалахъал (машинаби) хьвадизе ругилан. Т1охал баг1арлъизе ругилан (щаг1ил т1охал рук1ине ругин абураб маг1на), щибаб рокъоб корал(печал) рук1ине ругилан. Доб мехалъ рукъзабахъ гъаситоял гурони печал рук1ун гьеч1о. Цо-к1иго гурони росулъ кор бук1ун гьеч1о. Чед бежизе, ялъуни ц1оросаролъ корохъ барсине ккани г1адамал кор бугелъур рак1арулел рук1ун руго. Инсоца бицунаан жидер рокъор маг1арухъа реххе рач1унел. Эхеде унел гьалбазул г1емерлъиялъ, ниж к1иявго васазе регизе бак1 щвеч1огун г1одор регулаанила. Жидер эмен хьандолаанила хадусан раккарал машинабазде, гьез жиндир гьалбал къот1анилан… Гьединго Исрапилица бицана К1удияв Къурах1ма къадаралде щун, гьесие хоб бухъулеб мехалъ (гьесул зиярат бугеб бак1алъ) анлъго г1ащди бекун бугилан, т1ало-гамач1 бук1ун, къвак1иялъ гьениб ракь бухъизе бук1араб зах1малъиялъ…

 Къурах1мал васасул вас Исмаг1ил т1аг1инавуна власталъулаз…

Калининаулалда ниж щвана Идирисил Г1алиасх1абихъе К1удияв Къурах1ма ц1ехон.  Къурах1мал яс Т1агьиратил лъимал ккола  (эмен Нург1али) Г1абдурашидги, Зайгьаратги. Гьей Зайгьаратил вас ккола Г1алиасх1аб. Гьедин арал рук1ана Къурах1ма ц1ехон ниж гьев Г1алиасх1абихъе. Гьес бицана Къурах1мал яс Т1агьиратица бан бугилан 124 сон. Гьелъул лъимал кколаан Халархан, Г1абдурашид, Х1ажи, Къурах1ма, Г1абдужабар, Зайгьанат, Зайнаб, Зайгьарат, Эбечай. Г1абдулах1идица бицанила, г1емераб мехалъ ц1адги бач1огун, дуг1а гьабунила, г1емерал лъималги рак1арун. Щибго нак1к1цин зодиб гьеч1еб къо бук1анила. Дуг1а гьабун лъун хадуб Дормикь мухъалъан бакканила цо хъах1илаб нак1к1. Цинги бараб ц1адалъул кутакалъ  г1адамазул хьитал ц1унила ц1адал лъеца. Т1аде рач1арал гьалбаз Г1алиасх1абида ц1ехолеб бук1ана Ц1иликь бугеб   К1удияв Къурах1мал кьибилалъул щиб бугониги лъалищилан. Гьес абуна, дове Ц1иликье дибирлъун араб мехалъ доя цоги ч1ужу ячун йик1ун ятилила дос, амма жинда раг1анила Къурах1ма Харсмух1амадил ункъабилев эмен кколилан. Гьедин бук1ине рес  гьеч1илан, 83 сон барав Харсмух1амадил К1удияв Къурах1ма лъабабилев эмен ватани гурони, ункъабилев эмен кколев ватиларилан…

Мунагьал чураяв Мусал Насрола жеги ч1аго вугеб мехалъгоги рач1ун рук1ун руго цереги гьав Забрудингун т1ад Ц1иликьа гьалбал К1удияв Къурах1мал ц1ехон. Насролал хъизан Нузайратица бицун буго, К1удив Къурах1мал вац ун вувк1ун вугила Ц1иликье дибирлъун, гьениб ц1иликьей ч1ужу ячун, хъизамалъул бижараб бугилан доба Харсмух1амадх1ажил, гьесул г1агарлъиялъул тухум-кьибил. Гьединго абулеб бук1ана ниж гьоболлъухъ щведал Нузайратил вац Исрапилицаги…

Раг1уда хадуб бицин ин, К1удияв Къурах1мал тухум-кьибилалъулъ ккола Г1умарилав, Ладу ва гьезул цояб рахъалъанисеб г1агарлъи