Алмахъалдаса наибзаби

Салих Салихов 12
Алмахъалдаса наибзаби.

Шамиль имамасул Алмахъалдаса лъабго наиб вук1анилан чанго чияс бицуна раг1унаан,Умалат, Хан-Мамадх1ажи, Нартавх1ажи. Умалат наиблъун вук1анилан нилъеца цебеги г1емер бицун бук1ана, хъвана ва гьелъие руго официалиял документал, далилал. Умалат Шамиль имамасул цеве ккурав бищунго божарав чи вук1анилан хъван бач1ун бук1ана «Х1акъикъат» газеталда Гъуниб районалъул Мух1амадсаг1ид абурав г1алимчи-краеведас. Гьес хъвалеб бук1ана Умалат наиб Салт1а хъаладухъ зах1матго лъукъараб мехалъ, гьев сах гьавизе Шамилил амруялда рекъон ах1ун вач1ун вук1анилан г1урусазул ц1ар раг1арав хирург ва г1алимчи Пирогов. Гьеб киналъулго ккара-таралъул хъвараб к1удияб макъала бук1ана гьеб. Жидерго ва нилъеразулги тарих ц1унун хъвараб гьеб макъалаялде данде баркала загьирги гьабун дицаги бук1ана хъван макъала «Х1акъикъаталда». Шамиль имамас Умалат лъукъидал Пирогов ах1анилан Х1ажимух1амадов Х1ажимух1амадица цоги источниказдасан лъан бицун бук1ана дида, гьедин газеталда бахъунги бук1ана Умалатил х1акъалъулъ макъала. Гъуниб районалъул дов г1алимчияс лъазабун хадуб, т1обанго мух1канлъана Х1ажимух1амаца бицараб гьеб кьуч1аб бук1ин… Х1ажимух1амаца балагьун, ц1алун,  лъазе гьарурал бат1и-бат1иял т1ахьаздасан источниказдасан лъана нилъеда цоги г1емерал баянал Умалатил х1акъалъулъ, хасго  Москваялда г1умро гьабун йик1арай г1алимч1ужу тумай Марьям Ибрагьимовалъ  Шамиль имамасул х1акъалъулъ къват1ибе бахъараб гьелъул т1ахьидаса босун…

Хан-Мамадх1ажил х1акъалъулъ гьев чачан мухъалъ наиблъун вук1анилан  дие, Корголоев Мусалимие, Динаев Динучие бицана Г1аркьохъа краевед Маматов Маликица, гьесухъе гьоболлъухъ ниж щвараб мехалъ. Гьединго Маликица бицана Шамиль имамасул хасал, балъгоял (разведка) хъулухъал т1ораялъулъ  к1удияв вук1анила Ханмамадх1ажи ва г1аркьохъа Г1абдулгъар. Гьединго хасал балъгоял ишал т1оразарулел чаг1и рук1анилан Алмахъалдаса  Саг1ид. Гьев Саг1ид Г1абдулгъарил Алмахъалда рукъалда йик1арай яцалъул вас кколааниланги бицана гьес. Маликица гьединго бицана,  Хан-Мамадх1ажил ц1ар кьурав кколила жиндир к1удияв инсул вац ва гьесул ц1аралдасан бач1араб бугила жидер хъизаналъул фамилия Маматов абун. Гьедин къимат бугев бах1арчияв чи вук1ун вуго Хан-Мамадх1ажи… Амма Хан-Мамадх1ажи наиблъун вук1анилан хъвараб щибниги официалияб жо батич1о нижеда

Нусх1абил вас Корголоев Мусалимица бицана:

- Нижер эмен Нусх1абица умумузул, хасго Хан-Мамадх1ажил х1акъалъулъ щибго бицунароан рокъоб. Цо нухалъ Нусх1аб больницаялда вегун вук1аго, гьесие хинаб квен босун вач1индал, гара-ч1вализе заман бук1ун, Нусх1абица бицана цо лъугьа-бахъин.  Жив (Нусх1аб) цо хъулухъалъ Буртинаялде ун вук1анила. Гьенив цо щвараб бак1алъ г1одов ч1ун ватанила жинда нусида т1асан сонал аравг1адинав к1удияв, сагулаги т1ад рет1арав чи. Жинде гьикъанила гьес мунлъил вас кколевилан. Жинца абунила Коргъолол Саг1додинил вас вугилан. Лъалин, Хан-Мамадх1ажил тухумалъул чаг1и кколин нужиланги бицунаго, цо ккараб жо бицанила гьес: «Дун вук1ана щуго сон барав чи, эменгун Х1ариб бак1алъ г1ияда вугеб мехалъ. Цо къоялъ рогьалил г1ужалда т1аде щванила цо чодулав. Къокъ-вицатавг1адинав чи вук1анила гьев. Гьев какие рац1алъи гьабизе араб мехалъ, гьесул чода делизабун бук1араб хулжиниве вакканила жив, ч1ах1иял михъал рижараб цо чиясул къот1араб бет1ер бугонила гьеб хулжиниб. Жинца гьеб инсуде абидал, гьес бицанила, гьев чодухъан вугин Алмахъалдаса Хан-Мамадх1ажи, Шамиль имамасе рек1к1 гьабун, гьесде данде ч1ч1аразе, гъоркьч1ел гьабун, гьединазе г1адло гьабулев чи вугин гьевилан… »

Мусалимица бицана, Хан-Мамадх1ажил х1акъалъулъ бицунаанила нусида т1асан сонал ун къадаралде щварав Гъайирханицаги. Кивеяли къват1ивехун ун вук1арав Хан-Мамадх1ажи вач1ун вуго квеш  унтун. Гьасде щвезе рач1ун унел г1адамалги рук1анила. Хан-Мамадх1ажида раг1ун буго т1аде щвезе рач1ун нахъе унел к1игоясул эркен цоцалъ бицуеб к1алъай, гьавни ч1агого хварав чи вук1ун вугилан абураб. Рук1а-рахъиналъе лебаллъи гьеч1ей ч1ужу йик1ун йигила гьасул. Хан-Мамадх1ажиде рак1алде ккун буго, ч1аго хут1ун т1аде вахъун хадуб лъик1ай ч1ужу ячинейинха жинцайилан. Сахлъун хадуб, росасда йигей цоялъул бет1ер сверизабун, гьейги ячун Чачан мухъалъе ун дова ч1ун вуго гьев. Хадусан, ячарай ч1ужуялъулг1агарлъигун, гьелъул вук1арав дов росгун  рекъел гьабун хадуб нахъе Алмахъалде вач1ун вугила Хан-Мамадх1ажи…

Нартавх1ажил х1акъалъулъ ц1акъго мукъсанаб гурони нижеда лъалеб жо гьеч1о. Хан-Мамадх1ажигог1адин абураб, бицараб билъанхъулев, жамаг1аталъулъ къимат бугев чи вук1ун вуго гьевги…Хадусан Х1еж борхизеги ун Турциялде гочун ун вуго гьев.Гьев Шамиль имамасул наиблъун вук1аниланги щибго далил батич1о нижеда