Беркиханх1ажи

Салих Салихов 12
 

Къо бахъанаг1ан нилъеда баянлъулеб буго советияб заманаялъ цебе биччазе теч1еб нилъер хасаб бак1алъул тарихалъулъ рук1арал къадро к1удиял, къиматал, къват1ирехунгицин жидер ц1ар раг1арал г1адамал рук1араблъи. Гьезда гъорлъ Г1амирг1алих1ажи, Бектемерх1ажи, Беркиханх1ажи. Г1емеразда раг1ун ватила Шамиль имамасул вук1арав наиб Умалатил х1акъалъулъги. Гьел киналго рук1ана бергьарал г1алимзаби. Г1емер нилъеда раг1ана к1удиял вализабийилан ц1ар арал Г1абдурашид, Эльдар. Эльдарил зонода хъван буго щайихилан абунги, гьевги г1араб г1елмуги лъалев, кашмуги жиндилъ бугев чи вук1ун вуго. Рук1ана Г1алищайих, К1удияв Къурах1ма, Нуридин ва цогидалги. Алмахъалдасан доб Ник1алайил заманаялда х1ежалде ун руго к1икъоялда анц1ида т1асан г1адамал, гьезулъа чангоял к1и-к1и, лъаб-лъаб нухалъги ун руго х1еж борхизе. Цо к1удияй ч1ужуялъ бицуна раг1ун бук1ана (Гьелъул ц1ар рак1алде щолеб гьеч1о) доб заманаялъ рузманалде к1удияб мажгидалде рач1унел х1ажичаг1азда рет1арал берцинал халг1атазги, т1агъразда рарал кьер-кьерал чалмаязги, гьел рач1унеб къват1го, сверухълъиго гвангъизабун берцин гьабун нур ч1арабг1адин бук1унаанилан... Гьел т1адехун рехсарал г1емерисезул х1акъалъулъ нилъеца хъванги бук1ана цебе-цебе алмахъазул журналалда, жеги хъвазеги буго гьезулги гьезулъ бук1араб махщалил, кашмуялъул ва цогидалъулги х1акъалъулъ. Гьаб журналалда хасго хъвазе бокьун буго алмахъазда  гъорлъ, нилъер мадугьалихъ бак1алъ гуребги, Чачан мухъалъ, Осетиялда, Бакуялда ва цогидалъубги жиндир ц1ар раг1арав Беркиханх1ажил х1акъалъулъ. Гьесухъе киса-кисаго рач1унел рук1ун руго шайт1абаз ккун гьаглъаралги, гьанже нервабазулгун психиатриялъулъе кколел унтаралги. Ва ц1акъго зах1мат унтаразде рик1к1адал бак1азде вачун уневги вук1ун вуго гьев. Живгоги гьев хъизанги к1удияв, боц1и сорода бугев ресалда вугев чи вук1ун вуго.
Кехурсаца Беркиханх1ажил бицараб

Дир инсолъуй йик1ана Беркиханх1ажил яс Х1абизат. Беркиханх1ажил дова сорода г1униги, г1емер жо лъаларо дида досул бицине. Гьит1инаб дир мехлъидалха доб бук1араб, гуребани чанги жо ц1ехелаан досда. Дир эмен вук1ана Г1абас, гьесул эменги вук1ана Г1абасилан, т1ок1ав цере рук1арал к1одабазул дида щибго лъаларо, к1одолъараб мехалъ бокьулеб буго лъазе цере рук1арал умумузул. Беркиханх1ажил бак1 бук1ана нижер тухумалъулго рак1арулеб бак1. Шайт1ан, женалъ ккун унтарал чаг1и сах  гьарулев чи вук1ана Беркихан. Дидаго лъалеб жо гурони бицине дие бокьуларо. Чан абилеб сон доб бук1арабали, лъебералда ункъабилеб сон бук1ине ккола. Къаденахъе, бакъанил г1уж щолеб мех бук1ана. Гьанже дов Мурадис вугеб бак1алъа бехе рещт1унеб гьоко унеб нух бук1ана. Добасан раг1ана цо гьаркьал "ч1вай", "кьабе", "гьайт, гьайт"-илан ах1и-х1уралда гьаркьал. Къват1ире рахъун балагьидал, оцазул гьакидаги вухьун вугоан цояв к1игояс вачун вач1ина. Эмен-вас ругоан гьел. Гьениб рукъалда аск1об бук1ана цо ракьулъ бухъараб землянка г1адаб бак1. Гьев унтарав чиги гьениве жаниве восун вачана. Рухьаралъуса рорч1ани гьедин унтараз г1адамазе зарал гьабизе х1инкъи бук1унаан... Щвет1абазул Адильханилан вук1ана цо чи шайт1абигун к1алъалев. Гьесул вас Зайнодин вук1ана Калининаулалда, рагъдеги ах1ун вук1арав чи кколаан гьев. Цоги васги вук1ана, рак1алде щола гьеч1о щивали. Гьев Адильхан ах1улаан Беркиханх1ажица жинцаго жанире гъурал шайт1абигун к1алъазе. Гьев Адильханги живго щайт1абигун к1алъазе ах1ула вук1ин лъан лъутун кодове щвезе ч1оларогун вук1унаанила, гьел щайт1абаца жив толарин, вухулин жидерго жо бицанийиланги абун. Чанги хадур ун валагьун ккун вачунаанила гьев Адильхан унтарав чи ккурал шайт1абигун к1алъазе. Поллитровка ц1орол шиша бук1ана шайт1аби жанире гъолеб. Ц1улал т1ут1 бук1ана Беркиханх1ажил, гьелда т1ад бук1ана нусалъ х1ущ бахъун гьабураб горсвери цо гьит1инаб каву киниги тараб, гьеб х1ущ данде бачинч1огун. Гьит1инаб т1илги бук1ана т1огьиб жоги бараб ц1ал г1адин х1алт1изабулеб. Рик1к1унел жалгун Беркиханх1ажица щайт1аби доб т1ут1алда бугеб горсвериялде жанире гъолайилан жал гьарулаан, доб кавуг1адин х1ущалда тараб бак1алъан ц1алги т1ут1г1адаб доб хъорщода кьабулаго шишинире гъолаан гьел. Гьел щайт1аби шишинире гъун шишил к1ал щулаги гьабун Адильханида хадур рит1улаан, шишинир ругел гьелгун к1алъазе. Адильханица абулаан гьав унтарасухъан цо щайт1аналъул лъимадул бохх бекун бугилан, гьелъ доз ккурав вугила гьев. Беркиханх1ажица Адильханида абизабулаан щайт1абазда, дов унтарав виччайилан, гурони шишинир хвезаризе ругилан. Щибниги жаниб жо бихьулареб гьеб шишиниб г1ет1 т1енк1олеб бихьулаан. Гьедин цоц1ол к1алт1аса щула гьабураб шишил т1огьиса къазабураб жо бахъана гьит1инав чи дица. Дунги унтизавун вук1ана щайт1абаз. Жалго риччанилан дунг1аги щай гъоз унтизавун вук1аравали лъаларо. Гьединго цогидал щайт1абаз ккуралг1адин сах гьавуна Беркиханх1ажица дунги...Дол жидерго унтарав чиги вачун рач1арал эмен-васазде Беркиханх1ажица абун буго иххдалил заманги бугин, хурзабахъ х1алт1аби гьарулеб заманги бугин, нуж рокъоре ине бегьулин, нуж хьихьизе к1оларого гурила, хъистагьараб заман бугилан. Дица гьав унтарасе анц1ила щуго къоялъ ц1ала-къалун сахлъи гьабизе кколин. Хадусан рач1инаго гьоко-оцал рачинч1огун рач1ине бегьулин унтарав вачине. Анц1ила щуго къоялдасан рач1ана гьел дов унтун вук1арав вачине. Беркиханх1ажица гьоко-оцал рачинч1ого рач1ине бегьулилан абуниги, гьакида сайигъаталги лъун рач1ана гьел. Щайт1абаз ккун гьаглъун вук1арав дозул вас сахлъун саламатав чиги лъун ана нахъе. Г1араб г1елму ц1аларал чаг1и толареб мех бук1ана доб. Заманаялъе к1удияв чи вук1иналъ тун ватила. Цо нухалъ гепуялъул чаг1и рач1ун рук1ун руго сабаб хъвазе рач1арал чаг1илъун жалго ккезарун. Гьеб мехалъ ц1акъго унтун вук1ун вуго Беркиханх1ажи. Гьеб  бук1ана ниж кулакал х1исабалда высилкаялде рит1араб мех...
Беркиханх1ажил х1акъалъулъ Занкил Г1алица бицараб

Беркиханх1ажил эмен вук1ун вуго, хъалиянги ц1алев, диналъулъ гъварилъи гьеч1ев чи. Жиндирго г1елмуялдехун рокьи бук1иналъ инсол кумек щвеч1ониги ц1али т1алаб гьабун нужум г1елму гьабун, лъик1 эхеде вахун вуго Беркиханх1ажи. Гьев ц1алун лъвараб мехалъ Алмахъалда бук1ун буго нусго хъизан. Гьезул хъвай-хъваг1и гьабизе тун вуго Беркиханх1ажи т1оцевесан. Дагь-дагь ккун жинца гьарулел ишазулъ, г1елмуялъулъ гъварилъун вуго гьев. Шайт1абаз ккун, гьаглъарал г1адамал сахлъизаризе ругьунлъун вуго Беркиханх1ажи. Ц1акъго унтарав сахлъизе зах1малъани Беркиханх1ажица ах1улев вук1ун вуго кумекалъе Адильмирза (Щвет1абазул Адильмирза), гьесда шайт1аби рихьулел рук1ун руго. Кьурабалъан, лаблъадасан ругел квешал сухъмахъаздасан гьев унев вук1ун вуго цояца восун уневг1адин бигьаго.

Цо ч1ужу шайт1абаца ккун йик1ун йиго, Мух1амаднурийилан абулев чиясул яц Сулай, гьей гьаглъун. Гьелде Беркиханх1ажи вук1ун вуго ах1ун, гьесги Адильмирзаги вук1ун вуго ах1ун. Гьес абун буго, бисмилаги бахъич1огун къаси туалеталде инаго гьай Сулайихъан шайт1аналъул лъимер унтизабун бук1ун буго. Гьей Беркиханх1ажида бигьаго, г1емер авара гьеч1огун йиччазайизе к1ун йиго гьаглъиялдаса. Шайт1абазул жидерго дибирг1адинав чи вач1инавун Беркиханх1ажигун гьес к1алъай гьабун йиччан йиго Сулай шайт1абаз кквеялдаса. Сулайица бицун буго, жинда шайт1абазул дибирг1адинав чи вихьулаанила аск1ов, Беркиханх1ажи вихьулев вук1ун гьеч1о. Бигьаго гьев т1асаги лъун, доб шайт1ан цебеса т1аг1ун, Беркиханх1ажи цеве ч1ун вихьун вуго. Г1емерисел шайт1абаз ккурал сах гьарун т1оразаризе к1олаанила Беркиханх1ажида Адильмирза аск1ов гьеч1огунги. Беркиханх1ажица шайт1аби ах1улел рук1ун руго, амма рач1арал гьел рихьуларел рук1ун руго. Гьелъ ц1акъго зах1малъидал Беркиханх1ажица ах1улев вук1ун вуго Адильмирза шайт1аби рихьизарун, гьелгун к1алъазе. Гьанже нижерго г1агарлъиялъулъ ккараб бицинин. Нижер эбелелъул яц йик1ана Х1алимат, гьелъул рук1ана ункъго-щуго вас, г1олохъаби г1урал. Цо нухалъ эбел-лъимал рак1арун рокъор рук1ун руго гьал къаси мехалъ. Гьазул цояс абун буго, гьанже лъик1анин гьанив Аручил Х1ажийилан. Коч1охъан вук1ун вуго гьев. Гьеб мехалъ инсуца гьикъун буго лъималазда щивин инев гьесда хадувилан. Лъималалъ вищун гьит1инав Адильгере уна. Алмахъалда Барзумухъалъе щведал гьесде данде ккун руго Аручил Х1ажи цевеги гьавун рач1унел г1емерал чаг1и. Аручил Х1ажица абун буго, мун вач1инги лъан, дуе авара гьабич1огун, жалго рач1ина рук1анилан. Цо заманаялда жидедего гъорлъе Адилгереги сверизавун Ахташалъул кьохъе вачун вуго гьав гьел шайт1абаз. Гьесул х1ат1ал бот1рода ч1вазарун гирулев вук1ун вуго кьода т1адехун бугеб бак1алъан лъелъе. Лъелъ гьав ч1вапиланан вахъиндал к1удияб кеп щун релъулел рук1ун руго гьел шайт1аби. Гьездаса х1алалъ лъутун ворч1изе к1ун буго гьесда. Цо панаял, чи ине зах1матал парсалъан харизе ккун вуго Адильгере шайт1абаздаса т1урулаго. Гьедин х1алалъ рокъове щун вуго...Гьав вач1ине кват1идал сардилъ къват1ире рахъун руго рокъор рук1арал Адильгере валагьизе. Аручил Х1ажихъеги ун руго. Гьевги жинда  рокъов ватун вуго. Адильгереги жинда вихьич1илан абун буго. Кире-киреги ун гьев валагьулев рук1ун руго рокъосел. Адильгере рокъове щун мангиялде гъоркье лъун вуго шайт1абаздаса х1инкъиялъ "Аллагьасе г1оло Х1алимат, Аллагьасе г1оло Х1алиматилан" абулаго. Адильгереда хадур аралги рокъоре щун руго. Гьал вацазул инсол вац вук1ун вуго Хъирингиши. Гьевги вук1ун вуго шайт1абаздаса г1адамал рорч1изавулев чи, амма Беркиханх1ажилг1адин гьеб рахъалъан къуват голеб бук1ун гьеч1о. Хъирингишида хадур ине кколилан цояс абидал, Беркиханх1ажи мух1канав вук1инилан радал гьесда хадур рит1ун руго. Беркиханх1ажица сах гьавуна гьев Адильгере, амма шайт1абалъа х1инкъи хут1ун бук1ана гьесулъ нахъа-нахъаги
Мусаев Темирсолтаница, эмен Насроладасан лъан, бицараб:

Дол ц1аларал чаг1и рачун унеб мехалъ Беркиханх1ажи хут1иялъул цо г1иллаги ккун буго гьадинаб. Гьесухъе повестка бач1ун буго Хасавюрталде ах1ун.  Чангъида херги лъун, харилъ Беркиханх1ажие бак1ги гьабун, гьесул вас Исубица щвезавун вуго гьев Хасавюрталде (гьедин повесткаялда рекъон щвезавич1они тухумалъул чаг1азего рек1к1 кколеб бук1ун буго, власталъулаз гьезие квешлъи гьабизе рес бук1ун буго). Хасавюрталде щвараб мехалъ гьал ун руго цин военкоматалде цинги милициялде, амма лъица повестка бит1арабали дъазе к1ун гьеч1о. Ахиралдаги гьал ун руго ГПУялде (нахъасеб КГБ). Гьениб ц1ехолеб мехалъ цо кабинеталъув ватарав цояс абун буго жинца бит1ун бук1анин гьеб повесткайилан, жинца ах1арав вугин гьев Беркиханх1ажийилан. Гьев чи вук1ун вуго Грозный мухъалъа чачанав. Жиндир яс гьаглъун йигин, гьей сах гьайизе ах1арав вугин мунилан. Исубица абун буго инсоде, жив доб т1ехьалда хадув инин нахъе рокъове (дой яс сах гьайизе х1ажалъани къвариг1унеб т1ехь). Беркиханх1ажица абун буго т1ехь къвараг1инарин. Дов чачанас Исубида абун буго, гьав жинца Грозныялде вач1ине вугин, мун гьасда хадув вач1ине кколарин, жинца нахъе щвезавилин гьевилан. Гьелда хадусан щуго-анлъго къоялдасан. дов Хасавюрталда ГПУялда х1алт1улев чачанас щвезавун вуго Беркиханх1ажи сайигъаталгун рокъове, досул ясги сах гьаюн. 
Шамилил вас Гъазимух1амадица Дагъистаналъул г1алимзаби ах1ун руго Маккаялда жиндихъего (Х1еж борхизе арал рук1ун ратила гьел г1алимзаби Маккаялде), къаде кванде. Дагъистаналъул г1алимзаби кинал чаг1иги рихьизе, гьел кваналеб куцги бихьизе, гьенир рак1арун руго г1арабазул жамаг1атазул чаг1и. Гьеб кванда нахъа гьалбадерие хъулухъ гьабизе чанго чиги вук1ун вуго Гъазимух1амадица гьенив тун. Кваналелде цебе Гъазимух1амадица гьезде абун буго гьал чаг1и ругин нуж кин кваналелали рихьизе бокьун рач1арал, нужеца квег1аб квер т1ад гьеч1еблъунги тун кваранаб квер х1алт1изабейилан. Гьал г1алимзабазда к1и-к1иязда цебе цо-цо биххич1еб белъараб кьег1ер цебе лъун буго, щиясда цебе г1уч1ги нусги лъун буго. Гъол кванан лъвараб мехалъ, гьезда цебеса нахъе босун ун буго квен, т1аса кесек къот1араб бак1, ками лъач1огун. Дагъистаналъул г1алимзабазул кванил культураялда тамашалъун хут1ун руго г1арабиял.
Жиде-жидер бак1алъ ругел Беркиханх1ажиги, Г1ободесевги, Къудукьа Мусалавги  бич1ч1ен гьеч1еб жо  ц1ехон, лъазабун к1алъалел рук1ун руго цоцазде жакъа телефоназ к1алъалел г1адилан.
Беркиханх1ажил инсол эмен вук1анила Шамилил наиблъун. Беркиханх1ажил инсол инсол вац ккола Х1асамирзах1ажи. Гьев Х1асамирзах1ажил вук1ун вуго анлъго вац. К1иго соналъ Алмахъ сверун Шамиль имамасул бо бугеб мехалъ гьев анлъавго вацас квен кьун хьихьун руго Шамильгун т1ад гьесул рагъухъаби. Х1асамирзах1ажил шагьидлъарав вас  Арсамирза ккола Мусал инсол эмен. Беркиханх1ажил ч1ужу ккола гьесие яцг1ал. Мусал эмен Темирай ккола Беркиханх1ажил дандияв (бажа). Биясланх1ажиги кколаан гьезул дандияв. Гьесул эмен вук1ун вуго Ханмамадх1ажи. Бодулазулъ заг1ипав чи вук1ун вуго гьев, амма Шамилил ихтияралда рекъон Ханмамадх1ажица, Алмахъ сверун ругел рохьалъ вук1арав Шамилиде данде агитация гьабула вук1арав цо веххеса вач1арав чи ч1ван вуго ва гьесул бет1ер Шамилида бихьизе бач1ун буго. Гьев чи валагьун чанги сордо-къо бахъун буго Ханмамадх1ажица рохьазда.
Беркиханх1ажи рик1к1унев вук1ун вуго к1удияв валилъун, Биясланх1ажи - гьит1инав валилъун.
Беркиханх1ажи вук1ун вуго цебе годек1ан бук1араб Зазахъ бак1алъ. Ахъх1ин бахун добехун бак1алъ вук1ун вуго ч1арадилев Биясланх1ажи. Беркиханх1ажица аск1ор рук1аразде гьикъун буго гьадав щивда хурив вугевилан. Гьев Биясланх1ажи вугилан абун буго гьез. Машааллагь гваялъул к1одолъийилан абун буго Беркиханх1ажица. Аск1ор рук1арал, цо Биясланх1ажи гурони дова рихьуларел гьел  тамашалъун хут1ун руго. Беркиханх1ажида досие кумекалъе рахъарал малаикзаби рихьулел рук1ун руго дора.
Г1амирг1алих1ажидаса Беркиханх1ажи лъик1го ригьалъе к1удияв вук1анилан бицунаан Насролаца. Унтарал г1адамал сах гьаризе чангъидаги рек1инавун вачунаанила гьев нусида т1асан сонал индалги.
Асаев Мурадис, 1947 соналъ вижарав:

Беркиханх1ажи, Ахъайх1ажи, Къурманх1ажи вацал ккола. Беркиханх1ажи ц1алун вач1араб мехалъ, цо сонги бащдалъулги гьоркьоб бак1алда къадаралде щун руго ч1ужуги к1иго лъималги. К1икъоялда к1иго сон базег1ан гьес т1ок1ай ч1ужу ячун гьеч1о. 124 сонги бан къадаралде щварай Чакарэбел (гьелъул ц1ар кьурай йиго Саланил ч1ужу Чакар) йик1ун йиго г1акълоч1ужу. Гьелъ раг1инабун буго жинца 20 сон барай Зарбат кьелааин Беркиханх1ажие, гьес ячани. Гьедин данделъунги руго гьел. 84 сонги бан Зарбат къадаралде щун хадуб к1иго соналдасан, 106 сон г1умроялъулги бан, 1936 соналъ Беркиханх1ажиги къадаралде щун вуго. 30 соналъ дибирлъи гьабун буго гьес.
Беркиханил цояй яс Гичие бач1ун буго щуго бак1, рукъалде гьарун. Беркиханх1ажи ун вуго Чакарэбелалде, мун к1удияй йик1ун г1акъло гьикъун,  кинаб бак1алъе гьабуни лъик1илан вач1ун вугиланги абун. Чакарэбелалъ цебе квералъул щуябго килищги ккун абун буго, гьание гьей яс кьуни гьадин кколин, дое кьуни додин кколин. Щуябго килщил цоябги бихьизабун абун буго Асайие кьуни, хвани гурони гьел цоцаздаса рат1алъизе гьеч1инги абун. Цо к1удиял чаг1аз Беркиханх1ажиде абун буго, кивго ц1ар раг1арав дуца щай дурго ясал ч1ух1арал бак1азде кьеч1елилан. Гьес абун буго, жинде ккеч1огун руччаби хьихьулел бак1азде кьунин жинца ясалилан. Лъабго лъимал нахъеги тун къадаралде щун йиго Асайил хъизан Гичи (гьелъул ц1ар кьурай йик1ана, нахъа къадаралде щварай Мансурил ч1ужу Гичи). Гьей хун хадуб цо-цояз Беркиханх1ажиде абун буго, гьей Гичи хведал дудаги Асайидаги гьоркьоб х1алго хисич1ин, гьей яс хвей дуда зах1малъун батиларилан. Яс хвей зах1малъич1огун бук1инищ, амма Асайгун барщун щиб дие щвезе  бугеб лъик1аб жойилан. Цинги гьез абун буго, валлагь жидераца гьедин ккедал ккеч1ониги кьал, хъалгъа гьоркьоб гьабулилан.
К1иябго берзул канлъиги ун вук1арав Беркиханх1ажиде хвалда цебе бач1ун буго канлъи. Гьес абун буго г1ажаибаб жо кканин жинде, бац1ц1ад канлъи бихьула бугин жиндайилан...Хадусан къадаралде щун вуго.
Сабабал хъвайилан г1адамал рач1ун ч1оларого рук1ун, бусада вугев Беркиханх1ажи к1иго соналъ хъвадарун вуго гьесул гьит1инав вас Сайбодинил ч1ужу Пат1иматил кумекалдалъун. Пат1иматица хъулухъ гьабун хьихьун вук1ун вуго Беркиханх1ажи Зарбат къадаралде щун хадуб гьев ч1аго вук1араб к1иго соналъ.
Хасавюрталда бугеб универмагалъул цебесеб доб заманялъ бет1ергьанчи вук1ун вуго цо жугьут1ав. Гьесул йик1ун йиго цо йигей унтарай яс. Щибго тохторзабазда сах гьайизе к1веч1ей г1адан йик1ун йиго гьей. Гьав жугьут1ав вук1ун вуго жиндир х1алт1ухъанасул миллат, дин ц1ехеч1огун гьес гьабураб лъик1аб х1алт1охъ балагьун гьединасул къимат гьабулев бечедав, лъик1 ресалда вугев чи. Гьесул х1алт1охъабиги рук1ун руго киса-кисаго рач1арал маг1арулалги цогидал миллатазул г1адамалги. Гьезда гьикъун буго дов жугьут1ас, жиндир унтарай гьей ясалъе кумек гьабизе к1олев чиго раг1анищилан. Цояс абун буго гьесде вугин гьединав чи, рик1к1адаго гьеч1еб Алмахъалдайилан, бицун буго гьав Беркиханх1ажил х1акъалъулъ. Дуда гьев лъалищилан гьикъун буго жугьут1ас гьасде. Гьасги абун буго вицуна раг1ун лъалилан. Амма гьев рокъов ватуларин, унтарал сах гьаризе бак1-бак1алъе вачун ун вук1унилан. Гьев жугьут1ас фаэтонги бачун вит1ула гьев маг1арулав Беркиханх1ажи вачине, г1арацги кьун к1иго чиги вачейин нагагьлъун рокъов ватич1огун Беркихан  вачун араб бак1 лъалел Беркиханх1ажи вачун араб бак1 ц1ехезе. Жугьут1ас т1ад къай гьабула гьесда Беркиханх1ажи  т1алаб гьавун гьев вачинч1огун нахъе ч1орого рач1унгейилан...Нилъер мухъалъ  Беркиханх1ажиги ватич1огун, Ножаюрт мухъалъ гьевги ватун к1иабилеб къоялъ щун руго гьал жугьут1асул гъоре. Цо суткаялъ ясалъе кколеб лечениеги гьабун, гьей ясалде абун буго гьес къват1ие яхъун свердейилан. Гьей сахлъун йик1ин лъан, жиндир х1алт1и лъванилан абун буго Беркиханх1ажица... Жугьут1ас к1иго чу бараб фаэтонги гьелда лъун т1ансабигун х1адуризабула бихьидал Беркиханх1ажида бич1ч1ун буго гьеб жинде х1адурулеб сайигъат бук1ин. Гьав рокъове щвезавизе ине вугесе нахъеялъул рек1ине чуги бук1ун буго фаэтоналда нахъа бан. Беркиханх1ажица абун буго, чи сах гьавиялъухъ гьебщинаб жоги босун вач1ани абун жинца  росдал г1адамал гаргазариларин. Жугьут1ас абун буго дуда гьикъула гьеч1ин жинца кьурал сайгъатал дуца росилищ росиларищан. Гьедин щвезавун вуго рокъове Беркиханх1ажи.
Беркиханх1ажи вачун унев вук1ун вуго унтарал сах гьаризе Бакуялде, Чачаналъе, Орджоникидзеялде.
Лъабц1олго вилъанхъун ун х1еж борхун буго Беркиханх1ажица. Беркиханх1ажиги Г1амирг1алих1ажиги Ч1ик1ар ц1алун руго г1елмуялъе, к1иявго бат1и-бат1иял направлениязе.
Беркиханх1ажил рук1ун руго ич1го лъимал. Ункъго вас Исуб, Мух1амад, Манап, Сайбодин ва щуго яс. Гьесул хъизан Зарбат йик1ун йиго г1емер т1аде рач1унел рук1арал гьалбазе хъулухъ гьабун г1умро биччарай ч1ужу. Цебе киназулго х1алт1аби гваял ран гьарулел рук1ун руго. Беркиханх1ажица гвавулъе рач1арал лъабц1ол квназарулел рук1ун руго. Чангиял рази гьеч1ел рук1ун руго гьелда, квеш ккун, жидецаго  гвавулъе рач1аразе лъабц1ол квен кьезе бокьуларогун. Беркиханх1ажица абулеб бук1ун буго ялъуни мухь кьезе кколин х1алт1арав чиясе, ялъуни къоялъ х1алт1арав чиясе лъабабго ригьалъул квен кьезе кколилан.
Т1олго жиндирго лъималги рак1арун Беркиханх1ажица абун буго Х1укуматалде данде гьабулеб питнаялде гъорлъе лъугьунгейилан. 60 -80 соналда жаниб биххизе бугеб пачалихъ бугин гьаб. Гьединаб пачалихъ щайилаха Аллагьас гьебгощинаб заманаялъ халалъизе толебилан цояс гьикъидал Беркиханх1ажица абун буго кьоязеги, нухазеги, бесдалазеги квербакъи гьабулеб бук1иналъ халалъизе бугин гьеб пачалихъилан.
Беркиханх1ажица абун буго жиндирго вас Манапиде, бищунго талих1 къарав вук1ине вугин мунилан. Щиб кинали гьикъараб мехалъ, мун киназдаго нахъа хут1изе вугин, рух1и бихьизе бугин. Беркиханх1ажица 82 сон базе бугин дуцайилан абун буго гьесде. Гьеб ригьалде вахиндал къадаралдеги щун вуго гьев. Щибго унтун вук1инч1ев гьев, Алмахъалде, цоги бак1-бак1азде щун киналго лъалезулгун къо-лъик1ги гьабун ун веххе рокъове хвалда цеве. Манапил вас Батирсолтаница бицана, жиндир х1алт1и бук1анила кидаго командировкабаздасан вук1ине кколеб. Жинде къо-лъик1 гьабулеб мехалъ инсоца киданиги гьикъулароанила, мун кида нахъе щвезе вугевилан. Гьев ч1аго вугеб ахирисеб командировкаялъ инаго гьес гьикъанила жинде мун кида нахъе вач1ине вугевилан...Дун ун к1иго къо индал лъанила хабар эмен къадаралде щвеялъул. Унтиялъул х1алщвей бук1инч1ев, бусада вегун ккун вук1инч1ев гьев къадаралде щванила Беркиханх1ажица абураб 82 соналъул ригьалде вахиндал.
Харсмух1амадил Мух1амад, ветеран ВОВ, 1925 соналъ вижарав:
Къебедил Дадал г1агаравчийилан дир эмен Харсмух1амад Сибиралде вит1ун гьениб бана гьес щуго сон. Гьев гьениве ккун, дун отаралда вугев инсул вац Сайгидинил дова вук1ана. Гьенисан рихьулаан чангъада лъун щвет1абаца ккурал чаг1и Беркиханх1ажихъе ина ругилан.
Гебеков Къурманица бицараб х1исабалде босун хъвараб

110 сонги бан къадаралде щун вугилан бицунаан Беркиханх1ажи. Гъосул рук1ун руго вацал Къурман (гьесул ц1ар кьурав вуго Гебеков Къурман), Ахъай, Барти. Беркиханх1ажил лъимал ккола Исуб, Сайбодин, Мух1амад, Г1абдулманап, Гичи, Х1абизат, Залимат, Райх1анат, Салих1ат...
Алмахъалдаса росу къват1ибехун жиндир ц1ар раг1арав г1алимчи Беркиханх1ажица, цояз абухъе бан буго 106 сон, цогияз абухъе 110 сон, цогияз гьелдасаги ц1ик1к1ун сонал раниланги абула. Нижер пикруялда рекъон г1ага-шагарго 106 сон банилан аби мух1канаб батилин ккола, гьесул ч1ужу Зарбатил г1умроялъул рук1арал соназулги, гьей Аллагьасул къадаралде щвараб мехги х1исабалде росун. Гьединлъидал 106 сон бараблъун гьабун, гьев Аллагьасул къадаралде щвараб 1936 сон х1исабалдеги босун, Беркиханх1ажи гьавун вуго 1930 соналъ Алмахъалда. Гьесул рук1ун руго вацал Къурман, Ахъай, Бияхъай. Яцазул лъалеб жо буго гьадинаб,  Костекалда лъараг1азулъ бугеб Беркиханх1ажил г1агарлъиялъулаз бицана: Беркиханх1ажил яц Пат1имат революциялъулал соназда хадусан  цояв вацгунищ к1игояв вацгунищали цадахъ Гъазмаялде гочун, гьенийго ч1арай. Беркиханх1ажил йик1ун раг1ула цойги яц, амма гьелъул х1акъалъулъ щибго лъалеб жо нижехъе щвеч1о.
Беркиханх1ажи г1елмабазе ц1алун вуго Ч1ик1аб росулъ Г1амирилг1алих1ажигун цадахъ. К1иявгоги бат1и-бат1иял г1елмабазе ц1алун руго гьел. Лъабц1ол доб заманаялъ х1еж борхизе ун вуго гьев ва г1елмаби т1алаб гьарун, х1еж борхизе аралъуса г1емер мехалъ рокъове т1ад вусун гьеч1о. Беркиханх1ажица сах гьарулел рук1ун руго гьаглъарал, шайт1абаца ккуралин абулел унтарал (психически унтарал). Бат1и-бат1иял бак1азулъа рач1унел рук1ун руго гьаказда, чангъазда лъун унтарал гьесухъе сах гьаризе. Фаэтоназда хадур рач1ун, Беркиханх1ажи вачун унев вук1ун вуго рик1к1адег1ан ругел бак1азде, Чачаналъе, Орджоникидзеялде, Бакуялде унтарал сах гьаризе. Жиндиро хасаб къаг1ида бук1ун буго гьесул унтарал сах гьарулеб. Гьедин бук1араб махщелалъ  ц1ар раг1арав чи вук1ун вуго гьев. Т1оцее Беркиханх1ажица  ячарай ч1ужуги гьелъие гьарурал лъималги унти ккун Аллагьасул къдаралде щун руго. Гьелдаса хадуб  г1умроялъул 42 соналде вахинег1ан ч1ужу ячун гьеч1о гьес. Гьеб ригьалде вахиндал Беркиханх1ажица ячун йиго К1удияй Чакарил яс Зарбат. 84 сонги бан Аллагьасул къадаралде щун йиго гьей. Гьелда хадуб к1иго соналдасан г1умроялъул сонал лъун руго Беркиханх1ажилги. Гьезул лъимал ккола Исуб, Сайбодин, Мух1амад, Г1абдулманап, Гичи, Х1абизат, Залимат, Райх1анат, Салих1ат…Мух1амад доб рагъул заманаялда Трудовой фронталде ккун, гьенив т1аг1ун вуго (Дагъистаналдаса къват1ивехун ккун ватизе ккола гьев, гьесул къисматалъул мух1канлъи лъалев чи гьеч1о). Мунагьал чураяв Мусал Насролаца бицана дие, Сайбодин щибго г1айиб гьеч1огун рагъулаб заманаялъ (1944 с) жаниве ккун гьенив т1аг1анилан. Г1абдулманап Хасавюрталда вукъун вуго. Цогидал Беркиханх1ажил лъимал Алмахъалда рукъун руго… Мунагьал чураяв гьев Г1абдулманапил лъималазул цоял ккола жидеца баракатал ишал г1емер гьарурал мунагьал чураяв Г1ибадула ва Батич (Зияводин).

Салих1 Салих1ов
Камучова Г1арапатица бицана

110 сонги бан къадаралде щун вугилан бицунаан Беркиханх1ажи. Гъосул рук1ун руго вацал Къурман (гьесул ц1ар кьурав вуго Гебеков Къурман), Ахъай, Барти. Беркиханх1ажил лъимал ккола Исуб, Сайбодин, Мух1амад, Г1абдулманап, Гичи, Х1абизат, Залимат, Райх1анат, Салих1ат... Гьаглъарал чаг1и рач1унаан гьакида лъун рухьун Беркиханх1ажихъе сах гьаризе. Жибго бат1ат1ураб рукъ бук1ана жаниб рукъ бакьолъ бицатаб х1убиги эхетараб. Анкьица унтарал сахлъуларел унтаралги рук1унаан, лъабго къоялде сахлъулелги рук1унаан. Цо хъарщи бук1унаан сверун х1ущги ц1ан, цо гьит1инаб бак1 бук1ана хъорщода доб х1ущалъул горсверизабич1огун тараб. Цинги ах1улаан шайт1аби, гьел ах1ун лъвиндал горсверизабураб х1ущ къалаан. Цо ц1алг1адинабжоги бук1ана, гъолъгун рухулаан шайт1аби. Нагагь унтарал гъоз риччач1они цо шишинире гъолаан гьел, цинги хъарщазул полкалда лъолаан к1алт1алъелги къазабун, гьев чи сахлъизег1ан. Ах1арал шайт1аби рихьизе, гьезул ц1арал ц1ехезе ах1улаан Адильмирза, швет1абазул Адильмирзайилан абулаан гьесде. Жиндаго хадур чаг1и рит1ун рач1ина рук1ин лъан гьев Адильмиза ун ватулаан цоясулъуса г1ебеде, щвезе ч1оларогун, жидер жо бицани шайт1абаца жив толарин, вухулин, г1акъуба гьабулинги абун...К1иго чу бараб файтоналда рек1инавун вачун унаан Беркиханх1ажи Чачаналъе, гьениб г1агарлъиги бук1ана гьесул, моц1идасан гурони рокъове щвеч1еб мехги бук1унаан. Дир бет1ргьанчи Мух1амирза къадаралде щведалги доб г1агар лъиялъул ункъго чачанав вук1ана зигаралде щвезе рач1ун. Беркиханх1ажил бук1ана к1удияб тухум. Бечедав чи вук1ана гьев. Дир эмен Исуб вук1ана Беркиханх1ажил вищун к1удияв вас. Гьес къвараг1аралъуве вачунаан гьакида, чангъида рек1инавун. Беркиханх1ажица рагъулаан т1ехь, ц1алун нижее маг1на гьабулаан. Гьениб бугила зодисанги г1одосанги ц1еца х1алт1изарулел гьакал рук1ине ругин. Жиндицаго жиндир ригьин бицунел чаг1и рук1ине ругин, адаб  гьеч1ел, иман чорхолъ гьеч1ел г1адамал рук1ине ругин. Г1емер жо бицунаан, кинаб рет1ел рекъараб бук1унеб, рохел сундасан бугебали. Г1умруялъул чан сон базе бугебали лъалаан. Исубие 60 сон базе бугилан бицун, гьедин ккана. Г1абдулманапие 83 сон кьун бугилан абулаан. Щибго чорхолъ лъалеб унти гьеч1огун вук1арав гьев  росулъе щвезе вач1ун, нижее къо лъик1ги гьабун ана нахъе. Инсоца бихьизабураб заманаялде щведал къуръан ц1алулелъув къадаралде щун вуго гьев. Лъабго нухалъ х1ежалде ун вуго Беркиханх1ажи. Кири къвараг1араз цо-цо вараниялда рек1инавунги, вилъунги ун вуго. Х1еж борхизе ун лъабго моц1 балеб бук1ун буго рокъоре щвезе. Т1ех, белъун мох-мох, бакъвараб гьан босулеб бук1ун буго цадахъ, аск1обег1анисан иухъалъул нух нахъа тезег1ан рокъоб гьабураб цоги квенги босулеб бук1ун буго цадахъ. Лъабабго нухалъ Беркиханх1ажица цадахъ босулеб бук1араб бозил таргьаги бук1ана рокъоб хадусан кибе ккарабали. Лъида релъаравилан гьикъани Манапида, Илачилалда гьумер пархарав ворхатав чи вук1ана гьев. Васал рук1ана рорхатал къуват бугел...Къоялъ лъабгояв шайт1абаз ккун унтарал рач1унеб мехги бук1унаан Беркиханх1ажихъе. Чангъида рач1унаан лъун унтарал. Цо-цоял регун кколелги рук1унаан, х1обода рухьине кколелги рук1унаан...
---------------------------------------------------
Манапова Муица бицараб

110 сонги бан къадаралде щун вугилан бицунаан Беркиханх1ажи. Гъосул рук1ун руго вацал Къурман (гьесул ц1ар кьурав вуго Гебеков Къурман), Ахъай, Барти. Беркиханх1ажил лъимал ккола Исуб, Сайбодин, Мух1амад, Г1абдулманап, Гичи, Х1абизат, Залимат, Райх1анат, Салих1ат... Гьаглъарал чаг1и рач1унаан гьакида лъун рухьун Беркиханх1ажихъе сах гьаризе. Жибго бат1ат1ураб рукъ бук1ана жаниб рукъ бакьолъ бицатаб х1убиги эхетараб. Анкьица унтарал сахлъуларел унтаралги рук1унаан, лъабго къоялде сахлъулелги рук1унаан. Цо хъарщи бук1унаан сверун х1ущги ц1ан, цо гьит1инаб бак1 бук1ана хъорщода доб х1ущалъул горсверизабич1огун тараб. Цинги ах1улаан шайт1аби, гьел ах1ун лъвиндал горсверизабураб х1ущ къалаан. Цо ц1алг1адинабжоги бук1ана, гъолъгун рухулаан шайт1аби. Нагагь унтарал гъоз риччач1они цо шишинире гъолаан гьел, цинги хъарщазул полкалда лъолаан к1алт1алъелги къазабун, гьев чи сахлъизег1ан. Ах1арал шайт1аби рихьизе, гьезул ц1арал ц1ехезе ах1улаан Адильмирза, швет1абазул Адильмирзайилан абулаан гьесде. Жиндаго хадур чаг1и рит1ун рач1ина рук1ин лъан гьев Адильмиза ун ватулаан цоясулъуса г1ебеде, щвезе ч1оларогун, жидер жо бицани шайт1абаца жив толарин, вухулин, г1акъуба гьабулинги абун...К1иго чу бараб файтоналда рек1инавун вачун унаан Беркиханх1ажи Чачаналъе, гьениб г1агарлъиги бук1ана гьесул, моц1идасан гурони рокъове щвеч1еб мехги бук1унаан. Дир бет1ргьанчи Мух1амирза къадаралде щведалги доб г1агар лъиялъул ункъго чачанав вук1ана зигаралде щвезе рач1ун. Беркиханх1ажил бук1ана к1удияб тухум. Бечедав чи вук1ана гьев. Дир эмен Исуб вук1ана Беркиханх1ажил вищун к1удияв вас. Гьес къвараг1аралъуве вачунаан гьакида, чангъида рек1инавун. Беркиханх1ажица рагъулаан т1ехь, ц1алун нижее маг1на гьабулаан. Гьениб бугила зодисанги г1одосанги ц1еца х1алт1изарулел гьакал рук1ине ругин. Жиндицаго жиндир ригьин бицунел чаг1и рук1ине ругин, адаб  гьеч1ел, иман чорхолъ гьеч1ел г1адамал рук1ине ругин. Г1емер жо бицунаан, кинаб рет1ел рекъараб бук1унеб, рохел сундасан бугебали. Г1умруялъул чан сон базе бугебали лъалаан. Исубие 60 сон базе бугилан бицун, гьедин ккана. Г1абдулманапие 83 сон кьун бугилан абулаан. Щибго чорхолъ лъалеб унти гьеч1огун вук1арав гьев  росулъе щвезе вач1ун, нижее къо лъик1ги гьабун ана нахъе. Инсоца бихьизабураб заманаялде щведал къуръан ц1алулелъув къадаралде щун вуго гьев. Лъабго нухалъ х1ежалде ун вуго Беркиханх1ажи. Кири къвараг1араз цо-цо вараниялда рек1инавунги, вилъунги ун вуго. Х1еж борхизе ун лъабго моц1 балеб бук1ун буго рокъоре щвезе. Т1ех, белъун мох-мох, бакъвараб гьан босулеб бук1ун буго цадахъ, аск1обег1анисан иухъалъул нух нахъа тезег1ан рокъоб гьабураб цоги квенги босулеб бук1ун буго цадахъ. Лъабабго нухалъ Беркиханх1ажица цадахъ босулеб бук1араб бозил таргьаги бук1ана рокъоб хадусан кибе ккарабали. Лъида релъаравилан гьикъани Манапида, Илачилалда гьумер пархарав ворхатав чи вук1ана гьев. Васал рук1ана рорхатал къуват бугел...Къоялъ лъабгояв шайт1абаз ккун унтарал рач1унеб мехги бук1унаан Беркиханх1ажихъе. Чангъида рач1унаан лъун унтарал. Цо-цоял регун кколелги рук1унаан, х1обода рухьине кколелги рук1унаан...