Алмахъалдаса диниял чаг1азул х1акъалъулъ

Салих Салихов 12
Алмахъалдаса Эльдарил ва Г1абдурашидил устарзабазул х1акъалъулъ хъварал т1ахьазда ратулел ц1аррехсеял

Гьандихъа Х1умайд Афанди (къ.с.) (Мах1ачхъала - 2005с) абураб т1ахьида, 16 гьумералда Устарасул ясалъул вас Мутаг1иласул вас Мух1амадица хъвалеб буго:
 - Дида лъаледаса нахъе К1удияв ч1агояб мехалъ гьесухъе вач1унев чи камулароан. "Г1емерал г1адамал рач1унаан къват1иса. Хасго г1емер гьесухъе щолаан,Алмахъалдаса Г1абдурашид ва Эльдар"


Алмахъалдаса Эльдарил цо-цо бак1алъ ратулел ц1ар рехсеял


Гьандихъа Мутаг1иласул Мух1амад-х1ажи къадаралде щун гьабураб зигаралда хъван буго:"...гьев хьвадана силсилаялда рехсарал киналго щайихзабазухъе. Х1умайд-афандияс кьуч1 лъураб г1елмуялъул дарсал гьес ц1алана Алмахъалдаса Элдаридасан..." (Ас-салам №5 (321) 15март 2011с гьумер 12)


Гьаб т1хьил (Рах1матуллагь Мух1амадов. "Хучадаса Меселасул Мух1аммад Аффанди" (Мах1ачхъала 2000с))12 гьумералда хъвалеб буго:

"Зама-заманалдасан ц1аларал чаг1и данделъулаан Хасавюрталда Г1абдурашидил дора. Г1емерал чаг1и данделъулеб бак1 бук1ана гьеб. Досда сверун лъугьун рук1унаан ниж, нижеца щиб гьабилеб, ниж кире инел абун. Дос абулаан: ч1а, ч1а, ях1 гьабе, ях1 гьабеян. Нижго ине устар къвариг1ун нижги рук1унаан. Х1амзатихъеги ниж Г1абдурашидица риччач1о, гьев херлъун вугилан, т1аде чаг1и гьукъун ругилан абулаан гьес нижеда.
21 абилеб гьумералда:
"Гьагъаб мехалъ Г1абдурашид хун вук1ана. Добб къоялъ гурони дида досул камиги лъач1о. Лъаларебщинаб жо дица досда ц1ехолаан, дов ч1аго вук1равани, доб къоялъги дун досда аск1ове инаан, гьединаб жо кканин дица щиб гьабилеб абун. Дос дие г1акълоги кьелаан досул бак1алда лъезе чи дида ватич1о. Гьеб къоялъ гурони дида досул камиги лъач1о. Валлагь лъач1оха. Чараги хун щвана рокъове"


Гьаб т1ахьида ("Гьандихъа Х1умайд Афанди" (къ.с.)(Мах1ачхъала - 2005с))16 гьумералда Устарасул ясалъул вас Мутаг1иласул вас Мух1амадица бицунеб буго:
 "Дида лъаледаса нахъе К1удияв ч1агояб мехалъ гьесухъе вач1унев чи камулароан. Г1емерал г1адамал рач1унаан къват1иса. Хасго г1емер гьесухъе щолаан,Алмахъалдаса Г1абдурашид ва Эльдар"


Нилъер телеканалаздасан гьабурал чанго к1алъаязда гъорлъ к1удияб къиматалда рехсолел раг1ана дида нилъер Ч1ик1аса К1удиясул раг1абазулъ Г1абдурашидил ва Элдарил х1акъалъулъ бат1и-бат1иял баянал.Амма гьел мух1канлъабазул телевизоралдасан запись гьабун хъвазе рес ккеч1о (С.С.).


Алмахъалдаса г1алимчи Бектемирх1ажил х1акъалъулъ бицен

Пенсиялде инег1ан школалда учительлъун х1алт1арав Басиров Насирица жиндаго ва жиндир эбел Улайица бицун лъараб.

Бектемирх1ажилъой йик1ана дир эбел Улайил эмен Идирисил яц Исалат. Лъимал гьеч1ел чаг1и рук1ана гьел. Бектемирх1ажиги живго дагьалго тухумалъул чаг1и гурони гьеч1ев чи вук1ана. Гьесул ц1аррехсей буго нилъер переписазда. 1895 соналъул переписалда гьев вихьизавун вуго 20 сон барав чилъун (Х1айдарбегов Г1алибегил вас, Г1алибегов Бектемир). Гьев къадаралде щвараб мех дирлъиялда 1946 сон бук1ана (70-71 сон г1умруялъул). Гьев хвараб мехалъ гьесул вассизабилъун ратана гьесул вацасул вас Жанмирза (адвокат Х1ажил инсол эмен) ва Къурманасул Билал...
Бектемирх1ажихъ ц1аларал чаг1и ккола Суслан, Нартби, Х1ажил Зайгьанат, дир эбел Улай, Билал, Салих1ил Г1али, Хизриев Хизри, Исах1ажиев Батилмирза ва г1емерал цогидалги.
Х1ежалде арав Бектемирх1ажица, к1иго соналъго гьенив Мадинаялда цо г1арабиясда цеве х1алт1ула ч1ун, лъабц1ол х1еж борхун буго. Дова гьев ч1еялъул г1илла бук1ун буго г1араб мац1ги къуръанги камил гьабизе...Бектемирх1ажил рокъоб лъимал ц1алдезарулеб мадрас бук1ун буго васалги ясалги цадахъ ц1ализарулеб. Досул рукъ бук1ана Алмахъалда Пашал рукъалдаса к1к1алахъехун кколеб бак1алъ, щег1ги т1ад бараб гьит1инабго рукъ бук1ана. Гьанже Халипасул Шагьродинил бак1 батила доб. Революциялда хадубги лъеберабилел соназдаги г1емерал соназ ц1ализаруна гьес лъимал. Улайица бицана Зайгьанат йик1анила лъик1ай ц1ализе, жиндаги гьелдаги ц1ализабулаанила къуръан, лъималазде малъизелъун. Зайгьанат цо-цо гъоркьч1езаюлаанила лъаларезде малъизе. Цо-цо лъимал рухулаанила гьелъ, гьезие г1оло жийго гъоркьч1езе ккунилан... Ликпунктал раккун школа рагьараб мехалъ гьеб школалда баг1араб байрахъ бан бук1анила. Цинги Зайгьанатица рокъосаги босун г1урччинаб хамалъул байрахъ ч1ванила Бектемирх1ажил рукъалда.
Улай, анкьго сон бугеб мехалъ, эмен хун хут1ун йиго. Исалатил вацасул яс йик1ун, Улай ц1алделаго Бектемирх1ажил гъоя рокъойго ч1ун, 2-3 соналъ гъоз хьихьун йик1анила, гьезие рокъосан кумекги гьабулаго. Кумек гьеч1ел чаг1и рук1анила гъол. Къват1иве вахъунарев чи вук1анила Бектемирх1ажи, жанивго ч1ч1ун кидаго ц1алдела вук1унаанила гьев. Нахъаги гьит1инав чи дун унаан Улайгун гьезухъе щвезе. Нухасан ц1улал магь ц1ун гьебги босулаан Бектемирх1ажил добе. Добег1анисан баччун бач1унгейила ц1улиланги абулаан гьес.
Бектемирх1ажил рукъалда аск1об бук1ана биццатаб мали лъун гурони т1аде рахине к1олареб ч1ег1ераб г1исинкарол гъвет1. Ц1алдолел лъималазе перерыв гьабидал, гьеб карол гъот1ода хьван расандулел лъималазухъги балагьун вук1унаанила гьев. Улай ясандизе бокьич1огун Бектемерх1ажил гъежги ккун йик1унаанила. Гьедин ругеб цо мехалъ гьес Улайида абун буго, 15-20 метраялъ рукъалда цебехун (гьесул рукъ бук1ана къилбаралдехун бусараб) бугеб к1к1алал раг1алдехун кколеб бак1ги бихьизабун, гьадаб бак1алда бугин к1иго щайих вукъараб цо хобилан. Рокъоса къват1ивехун вахъиндал Бектемирх1ажи гьеб хоб бугин абураб бак1алъеги балагьун вук1унаанила кидаго...Жаниб рукъ бакьолъ халват гьабулеб гъваридаб донк1 бук1анила гьесул, т1ад ганч1ил къоноги т1ад лъураб. Гьенисан цо гьит1инаб кванил бог1оллъи жанибе рехизе карат1ги бук1анила
Улайица бицана, жидер эбел Пат1иматил рук1анила 5-6 г1иял. Гъол хьихьун, квас дургъун, кидаго квасул х1алт1и гьабулей ч1ужу йик1унаанила гьей. Цоц1ол Пат1иматги Улайги щвезе индал, Бектемирх1ажица гьикъанила Пат1иматиде, гъол г1иял ругищин дурилан. Гьелъги абунила, 5-6 г1иялъажал ругин, цояб къурманалъе хъвезеги бугилан. Бектемирх1ажица абунила, дуца гьеб къурманалъе тараб кьо балелъубе кьейилан (Ахъташалда т1асан 1932 соналъ бараб, жеги транспорт т1асан хьвадулеб ганч1ил к1удияб к1амури-кьо), гьелъул садакъа к1удияб бук1инилан. Бектемирх1ажица гьединги абун эбелги жийги кьо балелъуре гьеб г1иялъажо щвезабизе анила, цоял гамач1 бек1к1ула, цогидал бат1и-бат1иял х1алт1абазулъ ратанила кьо балел х1алт1охъаби...
Живго хвелелде цебе Бектемирх1ажица гьеб карол гъвет1 хъухъазабуна Харсмух1амадидаги Мух1амадидаги, гьезул къот1елал хъвалхьун хабал хъарщал х1адур гьаризаруна. Бектемирх1ажи хведал гьесул хабада ч1вана гьел ц1улал къаналги. Х1ежалде ун г1арабиялъаго росарал ручка, щакъит1ель, пенал, цабзада лъулъалеб сивак рук1ана Бектемирх1ажил. Гьев хвараб мехалъ, гьесул ирсилав Жанмирзаца жинде щолеб ирс Исалатида назро гьабун тана, щибго босич1огун. Хадусан гьел алатал Билалихъе щун рук1ана. Билал хведал т1аг1ана гьел кире ккаралали. (Гьанир рехсарал хваразул мунагьал чураги).
Гьанже нахъа заманаялъ, Улай хвезе 2-3 моц1 хут1идал, гьелъ жинда бихьараб макьу бицана дие, нолъ макьилъ вихьанила гъов Бектемирх1ажи. Гъос абунила, дур рак1алда бугищин дол щайихзаби рукъараб хоб? Гьанже дол рихьизе илъайин мун живгун. Анила жий, гъос гъоб къоно къоно борханила, гъое гъозухъ балагьейин муниланги абун. Жий балагьанила гъое. К1иго чи вугоанила гъова хъах1ал рахарал мугжулги ругел, хъах1ал рет1лалги рет1арал, гьайбатал хъах1ал гьурмазул чаг1и ругоанила гьел. Нахъеги Бектемерх1ажица абунила мун гъозухъ лъик1го ялагье гъозул шапаг1ат дуего щвезе. Балагьанилан жинцаги абунила, дванкан бахъун къоно бичч1ан танила Бектемирх1ажица, жийги турк1ун макьидаса йорч1анила, т1ок1аб рогьинег1ан макьу жиндеги щвеч1ила.

Басиров Насирица бицаралдасан хъвана Салих1 Салих1овас
Эльдар лъалев вук1аразухъе гьабураб сапар

 

Мах1ачхъалаялда ветераназул больницаялда цадахъ лечение гьабулел рук1ун руго Дилималдаса хъвадарухъан Мациевгун цадахъ Буйнакскалдаса 80 сон барав Мух1амадов Рамазан. Гьес бицун буго Алмахъалдаса к1удияв вали Эльдар жидер рокъов вук1анин г1емерал соназилан. Мациевасухъа Рамазанил телефоналъул номерги т1алаб гьабун рак1алде ккана, Эльдарил (къ.с.) ц1ех-рех гьабизе гьесухъе ине.

Дунгун дандч1варав Рамазаница бицана:

 - Ниж Буйнакскалде рач1араб мех бук1ана 1955 сон,  к1удалисел ккола ниж...1962 абилебищ 1963 абилебищали сон бук1ана. Инсуца вач1ана вачун нижехъе Алмахъалдаса лъик1ав чи вугинги абун Эльдар, гьав нилъер рокъов вук1ине вугиланги абун. К1удиял, Мух1амадг1арипил (къ.с.) ва  Саг1адух1ажиясул (къ.с.) божарав чи вугин, гьездасан лъарав вугин гьавилан. Хадусан цо-цо дарсалги кьолаан дие Эльдарица. Дида абула раг1унаан Эльдарица, харбузил хур хьихьизе хъаравуллъун вугеб мехалъ ц1алулел жалги ц1алун, гьев рокъове унаанилан ва гьеб хуралда харбуз бахъун лъицаго зарал гьабулароанилан. Хъормацаги кунаанила харбуз, цониги рух1ч1аголъиялъги зарал гьабич1ила доб хуруе. Цо нухалъ дица Эльдариде гьикъана гьеб, унго-унгоги гьедин бук1анищилан. Велъизеги велъун, гьес абуна,  хур свера-тирунги вач1ун дуг1аги ц1алун унаанин жив рокъовейилан. Лъик1аб г1елму-лъаялъул чи вук1ун, гьес абулаан лъалеб жо г1емер бугониги бицине бач1унарин. К1иго соналъ нижер гьанив вук1ун, эбелалъ квен кьун хьихьун вук1ана Эльдар. Гьелдаса хадуб Аминат абулей ч1ужуялда магьари лъун ячана гьесие. Гьей ч1ужуги бат1аго рос х1ажалъарай йик1инч1о, Аллагьасе г1оло, гьесие хъулухъ гьабизе данде яхъарай йик1ана. Чияр квартираялда йигей ч1ужу йик1ана гьей Аминат. Гьел данделъун  хадубги нижер гъора  рокъор рук1ана гьел. Лъик1ай ч1ужу йик1ана, иман бугей, устарасухъги йигей. Гьесие рет1ел чурун, хъулухъ гьабун йик1ана... Бакълъухъа к1удияв Саг1адух1ажиявги Къах1иса Х1асанил Мух1амадг1арипги гьит1инаб мехалдасаго цоцазда лъарал вацлъи цоцалъ лъазабурал чаг1и рук1ана. Къах1иса Х1асан (къ.с.) жаниве ккун гьев вит1а-вит1аралъуре хадур ун, квен босун щвезабулеб бук1ун буго гьез...Цо нухалъ гьал Эльдаргун цадахъ уна Исисуялде. Дора ратарал руччабаз гьазул х1урмат гьабун, рет1ел чуризе кьезабулеб бук1ун буго. Цо ч1ужуялъ абун буго Эльдариде, дуца жий дуг1адулъ рехсейилан. Ина йигей гьелда хаду-хадув ун, Эльдарица ах1ун абун буго, йо мун дир гьаб дуг1аялъухъ балагьун ч1еч1огун, гьелда  мугъч1вай гьабич1огун, дуцагоги г1амал гьабейилан... Жакъасев К1удияв, Г1абдужалил-апанди (къ.с.) (врачлъунги ц1аларав чи вуго гьев) дир инсухъе вач1унаан дарсал росизе, 6-7 соналъ вач1ана гьедин...Дир эмен Рамазанил Мух1амад вукъун вуго Т1аса Гъазанущиб бугеб  хабалалъ, устарзабазул хабалилан абула гьелде.

 Гьениб Рамазанил рокъоб бугоан инсул бук1араб, къуръабигун Г1араб г1елмуялъул, Г1ажамалъул т1ахьазул к1удияб библиотека.

 Гара-ч1валун лъун, квана-хванан хадуб, ниж рилъана Рамазанил инсол бук1араб рокъоре. Гьенире щун хадуб гьес бихьизабуна Эльдар жанив вук1араб рукъги. Гьезул гьел рукъзал ругеб къват1 ккола Сулейман Стальского 24.

Гьенисан ниж рилъана Рамазанил яц, 73 сон барай Пат1иматихъе. Гьелъ бицана:

- Дун жеги ригьнаде инч1еб мех бук1ана. Инсуца нижехъе вач1арав Эльдар вук1ана валияв чи. Хатму-салаватазда вук1унаан гьев. Итни-хамиз къояз къолощугог1ан чи вак1арулаан гьезул. Дица чанги квен гьабуна гьесие. Инсоца ячана Эльдарие Ух1лиса Аминат абурай ч1ужу. Х1ажаталъе ани гурого къват1иве вахъич1огун жанивго жанив ц1алдела вук1унаан гьев. Доб мехалъ ресалда ругел г1адамазде, х1акимзабазде ун Эльдарие чед-хинк1алъе г1арац бак1арулаан. Инсухъе рач1арал г1адамал цин Эльдарихъе рачунаан, хадусан инсуца жиндирго рокъоре рачунаан...

Квен гьабизе, как базе бегьулареб мехалъ Аминатица дун ах1улаан квен гьабизе. Рет1араб рет1елго бук1ана Эльдарил валиясул г1адаб, бищунго гъоркьан рет1араб бук1ана халатаб, гьелда т1асиб дагьаб къокъаб, т1асан рет1араб жеги къокъаб. Инсуца кинабго ч1езабун бук1ана гьесие...Хадусан 7-8 сонлъ къват1иехун ккана дун рукъалде ун. Цинги хадусан рокъое яч1индал дида гьенив Эльдар ватич1о (Алмахъалде ун). Кваназеги лъик1ав вук1ана Эльдар, жанив ц1урав чи вук1ана.

Пат1иматгун гара-ч1валун хадуб Рамазаница абуна Аминатил Эльдарие инелде йик1арай ясги йик1анила гьаний Буйнакскалда, гьей йик1араб бак1 г1ага-шагарго лъалила жинда, гьей ятулищан ине ругилан...Амма нижеда гьей ятич1о, ц1ех-рех гьабидал лъана гьей дагьаб цебег1анго Аллагьасул къадаралде щун йик1ин (мунагьал чураги гьелъул). Гьеб Эльдар лъалезулгун ц1ех-рех гьабизе Буйнакскалда арав дие лъик1аб хъулухъ гьабуна Рамазаница, унелъуреги гьесул машинаялда доре-нахъе рек1ана. Дирго мурадги т1убан рокъове нахъ вусунагоги дун гьес Буйнакскалъул автостанциялде щвезавуна. Баркала загьир гьабила гьесиеги, гьесул яц Пат1иматиеги. Гьез нилъее бицарабщинаб гьезие киридахъ батаги.
80 сон барав Гъойбатыров Найбодиница  бицана:

Хотайахада Щайихасул хоб бугелъуб данде кколаан Ленинаулалдаса ц1алун рач1унел нижеда Эльдар-щайих. к1иц1ол-лъабц1олго данде ккана нижеда гьев. Керзовый сумкаги бук1унаан гьесда бан, казиятал т1ахьал рук1унан гьесухъ. Нижер кверал рачун, лъил лъималилан гьикъулаан гьес нижеда, т1ахьал казиятал ц1алулищан ц1ехолаан, ц1али, г1елму т1алаб гьабизе кколилан абулаан.


Саг1ид Афандица (къ.с.) жиндирго назмабазул т1ахьида (Ч1ик1аса Саг1ид Афанди "Назмаби", Издательство "Ихлас", Мах1ачхъала - 2006), "Дунял тун арал лъик1ал чаг1азде гьабураб" бак1алъ (стр. 224) хъвалеб буго:

"Фал Эльдарул Алмахъи гъазин маг1а нафсигьи"

Гьелъул гьениб маг1на гьабун буго гьадин: "Нафсгун гъазават гьабулев"

Салт1аса Узунх1ажиясул вас Мух1амадх1ажил г1араб мац1алда хъваралдаса буссинабурабилан буго Х1акъикъат газеталда 30 декабрь 2003 с. (Узунх1ажиясул ккараб лъугьа-бахъиязул баян гьабураб). Гьениб гьадин хъван буго:

«…Цоги Узунх1ажида аск1ов ч1ун вук1ана Г1амирг1алих1ажи абурав алмахъав. Гьев вук1ана ц1акъ вараг1 бугев чи. Узунх1ажица гьев шейхул исламлъун тун вук1ана. Божаразулго бищунго божаравлъун вук1ана гьев. Холеб мехалъ гьес имамлъун Г1амирг1алих1ажи тапшур гьабулев вук1ана. Амма гьес гьеб къабул гьабич1о»

Имамирзаев багьаводиница бицараб

Алмахъалда, советияб власть пачалихъалда бугеб мехалъ нахъа заманаялде щвезег1ан дибирлъун вук1арав г1алимчи Камалодинил (хваразул мунагьал чураги) бицунаго 90 соналде ригь г1агарарав Имамирзал Багьаводиница бицана:
 - Камалодинилги дирги ккараб мух1канаб жо бицина дица дуе. Г1агарав чи Темирсолтанил дове эбелгун щвезе арав дир 2 сон барав вас Г1абдула хун вугилан бач1ана хабар (моц1и букъулеб унтийилан абулаан гьесде ккараб унтиялде). Гьев Темирсолтанияда вук1аго щун бугоан гьесде гьеб унти. Дун т1аде щведал къандалъоялда хъарщиг1адин халаса лъун вугоан гьев вас. Я к1алъай гурогун, лъавудаса ун вугоан гьев. Гьев цин вукъилелде дун цо Камалодинихъе ун вач1ина щиб дос абуладаян, гьев вас гьединго теян абуна дица гьезда. Радал вахъун дун т1аде щведал Камалодинил ч1ужу йигоан ц1а бакула. Камалодин къуран цебеги лъун гьеб ц1алула ватана. Дун т1аде щведал цо ц1алулеб бак1ги лъвинабун дидехун вуссун Камалодиница абуна, щай Багьаводин мун вач1аравилан. Дица абуна дир вас унтун вугин, гьев шурула гьеч1ин, нагагь гьев хун ватич1они цо дуг1а гьабун хъван кьейин дихъе кагъатилан. Камалодиница абуна, жинде цебего абун бук1анин эбелалъ г1адамазухъа г1арацги босун сабабал хъвазе бокьиларин дуца жиндейилан. Эбелалъе бокьараб гьабун дица сабабал хъваларилан. Кинги дун нахъе инч1огун гьаридал, гьес ручкаги босун хъван гьеб дуг1а т1ад бугеб кагъат кьуна дихъе. Гьес абуна, г1ажал батани гьелъие кумек бук1унарин, амма цоги бат1ияб зах1матаб унти сах гьабизе къуват бугеб дуг1а бугин гьабилан. Дир яцг1ал йик1ана Адилханил Залимат, х1е рокъоб бугей сабабал къач1алей ч1ужу йик1ана гьей. Гьелъухъе ун, сук1-сук1араб кагътиде х1е т1аде т1ун кьуна дихъе гьеб дуг1а хъвараб кагъат. Гьебги босун дун Темирсолтаниязул дове т1аде щвелелде, Г1абдула ватана дида къандалъоялдаги г1одовк1ун велъанхъила…
 Дир инсул вац Адилханил ясалъул рет1ел гьарун рач1унел рук1ун руго к1иго г1олохъанч1ужу, клубалде (лик1пункт) ине, жидерго басралъараб рет1елгун гьенире инеги бокьуларогун. Гьедин цо нухалъ гьел рач1индал щиб хабар гьениб ккарабали, Адильханица абун буго, гьеб бугин хъах1абаби унеб бак1илан. Мух1канго кин абурабали лъидаха лъалеб, ниж гьеб мехалъ кулак гьарун Северный Хъазахъстаналде рит1ун рук1ана. Гьей к1ияйго г1олохъанал руччабаз бицун, Адильхан киве кин аравали лъач1огун т1аг1инавуна.
 Ниж рук1араб бак1 бук1ана хасало кутакалда квачараб, риидал квеш баг1арараб. Хасалил заманаялъ гьадиниса тураб х1ац1о ц1орол горолъун бортулаан г1одобе. Риидал баг1ариялъ сверухъ бугеб салулъан х1ат1идаг1ицго ине к1олароан, х1ат1ал рух1изарун. Гьеб салулъ лъуни хоно бежизабулилан абулаан. Дир вац Х1ажи хвана поездалда, доре высылкаялде рит1улелъуб нухда. Рокъоса босараб йоргъаналъулъ жемун бук1ана гьесул жаназа щолелъуре щведал букъизейилан. Амма кинги гьеб т1атана. Цо лъик1 берцинаб шагьаралде щвараб мехалъ санитарал рач1ун йоргъангун ана Х1ажил жаназа босун поездалдаса гъоркье, квешал унтаби ругеб мех бук1ана. Хадусан нахъа заманаялъ балъголъи лъалей беццай Эбечалде гьикъана нижеца Х1ажил жаназаялъе букъи щванадаян. Гьелъ абуна хун гур-гурун вукъич1огун вихьулила гьев…Кин бугониги ракь т1аде хъвач1огунг1аги хут1ун ватиларелъулха гьев... Щолелъуре щведал г1емер заман инелде хвана к1иабилеб классалде ц1ализе уней дир яц. Ниж рук1ана моц1идал гьарурал сараялг1адал бак1алъ. Гьениб гордонисан бихьулеб борхалъиялда юкъана яц. Дицаги инсуцаги бухъана гьелъие хоб. Ц1акъ жемарулеб гьури бахъунеб бак1 бук1ана гьеб борхалъи. Абулаан г1анк1ог1анасеб жо гьеб гьоролъе ккана гьеб зудибе босун унила гьороца... Канлъиялъе бакулеб нарт жанибе т1олеб квас-квас т1огьиб бугеб пильт1учирахъг1адаб жо бук1унаан. Дир эбел Карибатица гьеб чирахъ кидаго бакун толаан гордухъ. Нижеца абулаан гьелде, нартги хвезабун щай дуца гьеб бакун толебилан. Гьелъ абуна, жийго црх1о авлахъалда йукъун йигей гьелъие х1инкъун гурт1изе канлъое толила жинца гьебилан…
Дир ч1ужу йик1ана Х1абизат. Гьелъ абулаан хведал нилъеда хадуб гьабизег1ан ч1аго рук1аго гьабураб лъик1 садакъайилан. Гьедин гьабулеб садакъа камизе толароан гьелъ. Дие ц1акъ лъик1ай йик1ана мунагьал чураяй гьей. Гьейгун цадахъ биччараб г1умро гурони роххалилаб бук1инч1о дир. Гьит1инго кулакалилан бищунго Хъазахъстаналъул квачараб бак1алъе ккана 30 абилел соназ кулакалилан. Диеялдаса жидее г1умро хириял рук1арал яцги вацги хвана гьенир. Хадусан балъго эбелгун нахъе рач1арал ниж, дун больницаялде ккун, гьей нахъего дое инсоде аск1ое йит1ун ятана. К1иго анкь нухадги бан х1алалъ хвеч1огун щун йигоан гьей дое. Дун хут1ана Алмахъалда нусго сон барай к1одоэбелалда аск1ов. Рагъулал ракъол сонал рук1ана. Дун подросток х1исабалда колхозалъул хурзабахъ х1алт1ула вук1унаан. Ч1ах1иязег1анаб норма т1обазабулаан дица рух1бахъиялде ккеледухъ х1алт1ун, гьезие щварал лъаб-лъаб хинк1ал щвезе. Цогун бащдаб дицаго кваналаан, гьедиг1анго к1одоэбелалъе рокъоре рач1унаан…
 Ч1ужу хун гьей цее ккей буго чиясул талих1алъул къосин. Аллагьас гъов чиясе кумекалъе, гьесие хъулухъ гьабизе йижарай г1адан йиго гьей…дидаса таваккал бугей йик1ана…
 Эльдар-щайих къадаралде щведал дицаги Г1исацаги бухъана гьесие хоб Зиярат-хабалалъ. Хобиниб лах1то бухъулаго, бач1ана лъазабун росдал Гьоркьоб-мажгиталда нахъа бугеб хабалалъ жив вукъейилан васигат бугин Эльдар-щайихасулилан. Г1исае г1емер рек1ее г1еч1о ц1идасанго хоб бухъизе ккей, т1ало-ганч1ил ц1ураб бак1 батилин доб хабалилан рак1алдеги ккун. Дица абуна гьесде, гьединав жиндасан кири ц1ик1к1ун щолев гьесие рак1 разиго бухъилин дица гьесие хобилан. Гьеб хоб бухъулеб бак1 батана тамахаб баг1араб ракь гъоркь бугеб бак1. Х1анч1ил хоног1анасебцин гамач1 батич1о гьесие хоб бухъулаго…
 Къват1ирехун лъалел рук1арал г1алимзаби Г1амирг1алих1ажиги Беркиханх1ажиги рук1ана вацг1алзаби, гьел дир эмен Имамирзаеги вацг1алзаби кколаан. Цо нухалъ щиб къец ккарабали к1игояв к1иго вехьасде т1аде к1анц1ун, цояв вехьги (ц1арал рахчулел руго) т1аде к1анц1аразул цоявги ч1вана цоцаз. Ч1аго хут1арав вехь гьениса нахъе лъутана. Дов цояс жинцаго ч1варав вехь кьурулъе рехана. Гьеб г1адамазда раг1ун гьенире г1едег1арал к1иго к1удиял тухумазул г1адамазде цо параялда жаниб лебалго гьоркьоре лъвана т1олго жамаг1ат, гьел цоцаца ч1вазе риччач1огун. К1иявго ч1варал чаг1и цо хобинир лъуна маслиг1ат бук1ине ва рекъел гьабуна гьеб к1иябго тухумалда гьоркьоб. Къуватаб каламалъул г1алимзаби, дибирзаби рук1ана доб мехалъ. Хадусеб заманялда дов чи ч1варав цояв жиндирго хвелалдалъун къадаралде ккун, гьев чуризе ккана дов ч1варасул вацас. Дица абуна дов жаназа чурарасде, кин дуда к1вараб вац ч1варав чиясул жаназа чуризейилан. Дос абуна гъоб мехалъ жамаг1аталъ рекъел-маслиг1ат гьабидал жиндир гьесдехун щибго квешаб жо рак1алде ккеч1илан.
 Х1ежалде ун гьенивго лъабго соналъ ч1ун ц1алун вуго Бектемирх1ажи г1араб мацги Къуръанги мух1кан гьабизе революциялда цебе заманаялъ. Гьав вук1араб рукъалъул бет1ергьанчиясу ч1ужу раг1ун йиго жиндирго васасде ягъела, ч1айилан. Кинго гьев ч1еч1еб мехалъ гьей г1арабиялъ васасде абун буго. Ч1а мун, ч1еч1они дица мун дагъистанияс къуранг1адин век-векизе вугин. Бектемирх1ажица гьикъун буго гьелда, дицагийищ къуръан бек-бекизабун ц1алулебилан. Гьелъ у я гуроян жаваб гьабич1огун абун буго, кибали добег1ан лъар бугин. Гьелъул раг1алда ч1ун бит1ун, берцинго къуръан ц1алани гьеб лъим чвахулеб ч1арабг1адин лъунилан…
 Нургиши вук1ана вали. Гьес киданиги «къураналх1а», «Аллагьасх1а» абун гьа абун гьеч1о. Силияб каламалде данде кколареб щибго жо абулареб бук1ун буго. Вац1ад хьвадулев чи вук1ана.
 Дир эбелалъул вац Жамирзал вас Г1абдусамад вук1ана валияв чи. Гъосул х1ама ун буго бикъун. Гьесуд ч1ужуйик1ун йиго гьеб бикъарав чиясде хьандела. Г1абдусамадица абуна гьелде, щай дуего г1акъуба гьабулебилан, г1ела гьесие гьеб босийилан. Г1ияда гьев вугеб мехалъ, как бала вук1ун вуго гьев. Т1оцебесеб ракаг1аталда гьав вугеб мехалъ цо хъоморищ цийищали к1анц1ун г1и ун буго гьелъ хъамун. Г1абдусамадица как бихизе т1еч1огун бан лъвинабун буго ва вахъун г1иязда хадув ун вуго. Ратун руго г1иял, щибго г1иялъа жо камич1огун, щибго г1иялъа жо лъукъизабич1огун.
 Эбел-инсуца раг1ана дида Ибрагьимщайихасул х1акъалъулъ бицуна (вакъмуялъе кьураб бак1алъ Ибрагьимщайихасул т1адхъвелгьабураб зиярат буго). Гьев ун вуго цо нухалъ ц1ул х1адуризе. Цо гьит1инабго гъвет1 къот1улаго, гьелъул рохтиялъул къот1ел бакьулъе щведал гьеб гъвет1 тамашаго к1и хъвалхьун ун буго. Бащдаб рахъ цо рахъалъе бегун, бащдаб рахъ цогиялъубе бегун ун буго. Гьеб караматаб жо бихьидал, Ибрагьимщайих г1ащди лъоробги бахчун, щибго ц1ул босич1огун рокъове нахъ вусун вуго ва т1ок1алъ г1ат1гояб ц1улалда г1ащди к1ут1ун гьеч1о гьес. Гьелдаса нахъе диналъулъ гъварилъи т1алаб гьабун буго гьес. Цо чияс бач1ун буго Ибрагьимщайихасе ц1ул рокъобе, садакъаде. Гьес гьеб нахъе бит1ун буго, жинде г1ат1гояб ц1ул бегьулариланги абун. Ибрагьимщайихас абулаанила рохьоре инаго г1ащди бахчизабун ине кколин, гьеб бихьуда бугони щияб гъвет1 бук1унин зирзидила, жиб къот1изе батилин цояб, жиб къот1изе батилин цогидаб...
 Ганч1икьа Г1али абурав г1алимчичи вук1ана цеве Алмахъалда Г1амирил кортоялдехун бугеб бак1алъ, маг1арухъа вач1ун ч1арав. Г1алищайихиланги абулаан гьесде. Дица хадуб ц1ехедал гьев ватана Г1алахъа бак1алъа чи (Гьанже Болъихъ районалде кколеб). Ясазул росу абулеб мег1ералда гъоркьехун бугеб Мич1ч1к1к1алахъ лъеца х1алт1изабулеб гъвет1 хъухъалеб, хъарщи гьабулеб станок бук1ана. Гьениса ц1ул баччулаан беххе черма гьабизе ва бух1улеб ц1улае. Гьедин гьакида лъун ц1улгун унев цо чияс рик1к1ада бугеб Г1алищайихасул кули бихьун, долдехун вуссун салам кьун буго вихьудацин гьеч1ев Г1алищайихасе. Хадусан росулъе рузманалде вач1арав Г1алищайихица абун буго дов гьокочиясде, дица дур бит1араб саламалде данде жаваб гьабураб доб къоялъилан. Алмахъалда Гьоркьоб мажгиталда нахъа бугеб хабалалъ вукъун вуго гьевги гьесул васги. Гьал къоязги Г1алахъа чаг1и рач1ун рук1анилан раг1ана Алмахъалде гьесул хабаде рахине.