Пародии

Салих Салихов 12
Пародиял

Х1абиб Давудов

Т1угьдузулъ пархолеб пахруяб к1алк1уч1,
К1иго анкьил гуреб гьеч1о дур г1умру.
К1инусго сон балеб гъадилалдаса,
Дур г1умру бокьила – берцинго араб.
------------------------------------
Салих1 Салих1ов

Кьер-кьерал т1егьазулъ гьайбатаб к1алк1уч1,
Аваданго къоялъ нектар гьекъолеб.
Т1инч1 г1езабиялъул ургъел гьеч1огун,
Гьуинал мах1азулъ парпади берцин.

Рорччен, ц1ад т1аде щун, квачараб гьури,
Гьездаса борч1ани - къадако нахъа.
Гьогьен т1асаги ун бакъ гвангъун хадуб
Х1анч1ихъе щвеч1они - гвангъараб г1умру…

Хъархъил бусен гьабун рах1ат лъач1огун,
Т1анч1азе квен баччун, тарбияги кьун,
Санитар киниги, щварабги босун,
Ургъалилъ бук1унеб гъаримаб гъедо.

Ц1ум, хъергъу баккани дандеги боржун,
Х1инкъи гьеч1огун гьел нахъе хъамулеб.
К1инусго соналъулъ ч1ег1ераб, хъах1аб
Бихьун г1умру гьаби г1ела гъадие…

   *           *           *

Х1абиб Давудов

Дица т1ухьдул хъвач1о, куч1дул гурони,
Керен бух1ичого ах1ич1о сарин.
Ц1арал х1ажат гьеч1о, ц1а кье бегьани,
Ц1орораб дирго халкъ хинлъизабизе.
------------------------------------

Салих1 Салих1ов

Т1ухьдулги куч1дулги г1емерлъанаг1ан,
Ц1алдолел г1адамал  дагьлъулел руго.
Керен бух1ун сарин ах1ананиги,
Г1аламалъе асар куч1дузул дагьаб.

Цебе т1ахьил багьа – гама г1адаб оц,
Жакъа куч1дузул т1ехь – кагътил багьаяб.
Гъоб  заманаялъ ах1арал куч1дул,
Хъвай-ц1али лъаларез к1очене теч1ел.

Г1арцоца гурого асар гьабич1еб
Буго халкъ жакъа базар-бизнесгун.
Бича-хисиялъулъ бессун г1умрогун,
Т1ехь - кеч1алда гьезул раг1иго гьеч1ин.