Халида

Макка Саидова
 (на аварском языке)               
               
Это женский роман. История вымышленная, случайные совпадения, что практически не исключаю, чистая случайность. Речь идет о судьбе  девочки, девушки, женщины, супруги, матери по имени  Халида. О перипетиях женской судьбы  под прессом нашего МЕНТАЛИТЕТА.

    Январь. Г1ажаибго хинаб январалъул къо. Жеги к1иго градусалъ гьава-бакъ хинлъани сверухъ гъут1би беричго г1урччинлъун рач1инилан колеб бук1ана рак1алда. Шагьаралъул парказдаса г1ебеде ихдал киниги гьарзаго бижун бук1ана хер-ч1ар. Цоги анкьил халалъилъъ гьава-бакъ хисич1они, т1егьан риччан телин колаан рак1алда  гъут1би.
       Гьединаб гьайбатаб хасалил къоялъ, риидал г1адин  гвангъун бугеб бакъул хинлъиялдаса цин лаззат гьеч1ого, базаралда цее эхетун г1емераб замана бана Халидаца такси колаго. Жакъа т1оцебесеб экзамен бук1ана гьелъул ва радалго т1угьдузда хадуй щварай ч1ужуг1адан я троллейбус, я автобус бач1унарого рах1ат хун йик1ана г1иссин галабигун дое-гьание хьвадулей. Ц1акъ бокьун бук1инч1о кват1изе экзаменалде, амма чанц1ул такси ч1аниги, х1укуматалдаго  бензин къанаг1ат бук1иналда бан, пединституталде вилъунев шофер кколев вук1инч1о. Х1алуцарал 90-ял санал инел  рук1ана, сундулъго г1адло бихарал, нахъ-цере Советский Союзалъул г1адамазда макьилъцин бихьилин коларел лъугьа-бахъинал             къойил лъугьунел рук1ана. Циндаго ч1орогоял тукаби , чадида хадуб раг1а-ракьан рихьуларел очередал…
       Радалго гьабулеб данде билъунгут1иялъ, цощинаб экзамен кьезе к1веч1ого бук1инадаян х1инкъи цин лъугьана рек1елъе г1олилалъул ва унго дир талих1 къайго щибан, жийго жиндаго гурх1изе бач1ун жанисанго  къцлгьу ц1ализе лъугьана Халидада.
       Саг1ат микьго т1убайгун, жиде-жидер х1алт1и-ц1алиялде къват1ибе бахъараб г1алам гьей эхетарай остановкаялдаса дагь-дагь кун лъуг1ана ва хьвадулел машинабиги  дагьлъана… Йилъун инеги саг1аталдаса нух батила институталде щвезеян т1обанго рак1 бихана пуланалъул. Циндаго, тормозазул хъир-хъириги бахъинабун ч1ег1ераб «Lexuc» ч1ана гьелда цебе. Халидаца цо к1варго гьабич1о гьелъул, иномаркабаз г1арцухъ г1адамал рачунарел рук1арал доб мехалъ.Киса! Т1оцересел бечедал г1адамазул раккана гьединал машинаби. Жидерго къвариг1елалъ ч1езабун батилилан тана. Амма машина нахъеги кьун, «Ясай!»- ян к1алъалеб г1олиласул гьаракьалъ щаклъи т1аг1инабигун. Гьей дагьайго йиха-хочун лъугьана…
     -Берцинай, жание йилъунарищ? – ян к1алъана, машинаялда жаниса къват1ивеги вакун гьайбатаб жинс-мохъ бугев г1олохъанчияс.
     -Дун пединституталде уней йиго.
    -Рек1а, - ян абулаго нуц1а рагьун бач1ана гьес данде.
Жиндирго пашманал беразул балай  г1олилалда т1асса босулебго бук1инч1о гьес.Бугеб къуват бак1арун х1инкъи г1одоб буссинабулаго Халида машиналъуе яхана.
    -Баркала рек1инаюралъухъ. Бегьулеб батани цодагьаб хехлъи гьабе – экзамен кьезе кват1улей йигин дун.
    -Дун вук1ана дур жакъа гьаюраб къо батилин, т1угьдулгун йихьидал, – ан абулаго мук1урго машина хъамуна гьес. – Лъуг1улеб гьеч1ищ ц1али?
     Халидаца гъоркьанго гьесухъги ялагьун пикру гьабуна: унго гьадинаб г1умро гьабулелги ругоха цо-цо г1адамал… Хъах1илал беразул пашманлъи.Ракь цояв гуревлъи х1акъ! Киноактер ватила… Керчаб нахъехун ххараб халатаб рас. Бихьинчияб, жинс-мохъ бугеб гьумер. Узданаб, к1игъуждулъа г1ебаб, зурбаяб лага-черх. Ахирисеб модаялъул хириял костюмал…унго гьадинал машинабиги рук1унел къаг1ида дунялалда: салоналъул ч1ух1и, тамахал сиденьяби,церехун ругелщинал кнопкаби, панелалъул берцинлъи…къват1иса машинаялъул берцинлъиялъ данде ч1вараб г1аламалъ бер т1аса босулеб бук1инч1о цебеса машина щинк1инег1ан…ругониги нилъер г1адамал бечедалги цин жеги мискин ругел къаг1ида: гьадинаб машина х1укуматалдаго цо чанго г1адамасул батила. Унгоги Германиялдаса  гьанире г1орхъи рагьигун рачун рач1арал басралъиялъ кьавуца кварал  – гьединал рук1ана Мах1ачхъалаялда  г1адамаз бечедалин таразухъ рек1ун…
Вай, щабго жаваб гьабич1ого г1алхулай киниги хут1ана гури.
     -Т1оцебесеб курсалда йиго дун, – ян абуна ахиралдаги нечадго Халидаца.
     - Талих1ай. Бищун талих1абги, лъик1абги бугоха т1оцебесеб курсалда ц1алулеб мех. Ц1ар щиб колеб дуда?
Вадимида абизе берцинго жиндагоги лъалароан щай машина танхъинабурабали гьай г1олилалъе.  Зах1мат буго абизе: жиндирго къвариг1елалъ къват1ив вахъарав г1адан гьале нечеялъ кие т1ерхьинеяли лъаларого  йигей ясалъе хабар бицунев…нек1огоялдаса гьев ясазухъ  ясал х1исабалда валагьулев вук1инч1елъул. Лъаларо, живги Дагъистаналдаса ватиялъул асаришали…яги гьай сидениялда т1епун йигей ясалъул «г1айибищ»… ахираб заманалда лъица щиб бицаниги Вадимил  Дагъистаналде щвезе багьанаби г1емерлъулел рук1ана.
    Халида щаялиго баг1арлъун яхъана ва гьединаб суалалъе  щиб жаваб гьабилебали лъаларого хут1ана. Гьеб бихьун г1олилав гьимана:
    -Унго, дур к1арчамлъи! Рогьалилъ орхидеян кола. Гьарула, берцинай, х1инкъуге дидаса.
    -Лъик1, -ян х1алихъе раг1иледухъ шурана гьелъул, г1инт1идул т1угьдул г1адал ц1убарал к1ут1буз. Гьелда колеб бук1ана г1олиласул хъах1илал берзул балаялъ жиндир рак1 гьезул т1иналде ц1ун унеб бугилан, жиндагогицин лъач1ого…- Халида.
     -Халида…  Халида…бусурзабазул ц1ар батилин кола. Берцинаб буго, - ян ругьунго пашманго гьимана гьев.- Дида абуни - Вадим . Экзамен ц1акъго зах1матаб бугищ дур, Халида?
    -Гьеч1о.
    -Гьалеха щвана нилъ! Г1емераб замана балищ институталда?
    -Лъаларо,- ян гьесдаги абун, ахирисеб к1икъоялда анц1го гъурущги сидениялда т1ад лъун, машиналъуса къват1ие яхъана Халида. – Дуе баркала.
Гъобго х1алалъ г1адамасдаса нечезе кани… бугониги гьале иномаркаялда рек1инаюна жакъа аллагьас дун,дидаса бац1адам т1омалъул мах1 буссун бихьулаян угьун х1ухьел басана, унго т1ок1ай иномаркаялда жанибе гали бахъине щвеладай дие…
    -Халида! Т1адюсса! Зачетка к1очон тун буго  дуда, - ян институталдехун галаби гьелъ разег1анго бахъана хадуб Вадимил гьаракь.
    Г1едег1иялъ бортараб къаг1ида! Зачетка сумкаялъуса къват1ибе жибго ине рес гьеч1елъул, щибго бич1уларо, бугониги машинаялда аск1ое йилъана нухда х1алалъ сумкаялъуе хъирщарулаго зачетка батилародаян…
    -Гьале,- янги абун г1арац бегьун бач1ана Вадимица баг1арлъун яхъуней йигей Халидахъе.
    Вадимихъе ялагьизе нечон, соролеб квералъ босун, чвантиниб къазабуна гьелъ г1арац.
    -Халида, дун валагьун ч1ела дур экзамен лъуг1изег1ан – бегьилагури?!
Вадим живго жиндаго лъаларого вук1ана: унго дица гьай яс г1агар гьаюлей цин  ятиларо…г1ажаиблъи , Моникал кверщел чучун циндай заманаялъ, йохъ Моника дир рек1елъа, пикрабаздаса киданиги кьуриларо, къисматалъ бит1ун т1егьалилъ ц1ер ч1вазабураб рак1 г1оц1ое бусун батилин толаан Вадимица гьале чаналиго соналъ…
    «У»  яги «гуроян" г1олиласдаги абич1ого фонтаналдаса тирел гьабун Халида  нуц1ихъа жание екерана. Кин щвараяли лъач1ого щун ятана гьелда жийго лъабабилеб этажалда экзамен кьолел ругел цадахъ ц1алулезда аск1ое. Данде яч1ана Гуля:
    -Халида, кват1арай щай мун? Лъабго букет г1еладай, жакъа комиссиялда руччаби г1емер ругин?
    -Дида лъалеб бук1инч1елъулха гьеб,-  ан х1ухьел кун шурана Халидаца. – Байбихьанищ?
     -Т1оцересел щугоял жанире анаха. Дур кьер т1ун бугеб куцго щиб, Халида? Мун цощинай лъик1 гьеч1огоцин йигодай?
      -Гьеч1о, гьеч1о Гуля. Кинабго лъик1 буго. Рек1ине жо щоларого базаралдаго хут1изехъин йик1ана жакъа.
      … Халидал общежитиялъул рукъ цояй кколаан Гуля. Жеги цо т1убараб гьудуллъи кеч1ониги цоцалъ рекъон, яцал г1адин рук1унаан гьел к1иялго цоцазул т1алаб-агъазалда.
Маг1арухъа, Хунздерил т1алъиялдаса ц1ализе яч1арай, нич-намус щулияй Гуля  т1оцее йихьахъего ц1акъ рек1елъе йосана  Халидада. Рокъоб яцазул камураб хинлъи гьелдаса жиндие бакилин  урхъун гьудулъиялъе гьарзаго хьвадизе жуяна гьей. Г1адамасул хинлъиялъухъ, рек1ел ц1аялъул гьуинлъиялъухъ кидаго г1ашикъ йик1унаан Халида. Гьит1инабго жо жиндие щвани рукъ цояй пуланалъул гьумер нур бан, бакъ киниги гвангъун бач1унеб х1икматалде ялагьун Гуля чанги г1ажаиблъи бахчун бажаруларого хут1улаан…
-Баркала, Халида, - ян аск1ов щвана т1угьдул кабинеталъурги лъун группаялъул староста Расул. – Жаний гьанжейищ иней?
-Лъаларо. Цо щибниги жо гьеч1о хут1ун бот1ролъ. Цодагьайги ч1ун ина.
-Лъик1, - ан гьимун ана Расул.
Старосталгун бач1инахъего данде кана Халидал. Гьеб гуребги, г1адамалгун бигьаго г1агарлъунан жиндирго х1алимаб г1амалалъ гьей.
    -Света, ц1акъго х1инкъунищ йигей? – ан аск1ой к1вен-к1вендилаго экзамен кьун бажариладаян эхетун йигей ясалдехун  юссана  Халида.
    -Ой! Халида. Лъабилабниги щвелародаян хьул буго. Унго гьал экзаменал гьеч1елани киг1ан лъик1ха бук1ине бук1араб.
    -Гьеб мехалда алжан бук1инаанха, - ян велъана аск1овго, тетрадалъул т1амхал к1вах1алго, къо бух1и бач1арав г1адан киниги, гелизарулев вугев Рафик. - Светае лъабилаб щвани хут1арал жанир ун пайдаго гьеч1о. Дунни Халидагун цадахъ ине вуго жаниве.
     -Т1асса хъвазе хьулалдайищ? Божизе зах1мат буго Халикъ Мансуровичасул экзаменалда шпаргалка х1алт1изабизе бажариялда, - ян бет1ер к1ибик1изабуна сундулъго рак1 бац1адав, мух1канав Мурадица.
    -Санаг1ат камураб жо бук1унаро, - ян велъана Рафик данде, - Халидаца рехун толареблъи лъала дида. Гурищха, Халида? К1ийилаб щвеч1ого ворч1ани инсул «волга» нилъер ихтияралда бук1ине бугебха.
     -Унго, Рафик! – ян гьимана гьесухъ ялагьулаго Халида ва циндаго рак1алде «Lexucги» бач1ун лъалаго кьер т1ун ана.
    Гьей  санаг1ат батун колидоралъул гордоса ялагьана. «Lexuc» абуни добго бак1алда ч1ун бугоан. Вай, рег1иго щиб г1адамасул. Дун  г1адинал анкьабго бакъварал гурони ясал рихьич1ого ватиларин Вадим. Унгоги парахат валагьун ч1ун вихьуларищ. Машаалла, рег1и г1адамасул!  Гали бахъанщиналъул ругел г1анч1ал ясал  г1оларогонищан нахъойги хех гьабун къулгьу ц1ализе лъугьана рак1 г1одобе буссинародаян. Гьит1иналдасаго цодагьабниги рак1 биххиялде колей йигони Халида къулгьу-алх1ам рак1алъ шуризе жуялаан, унгоги лъалаго кумек батулаан хадуса гъарималда.
     Пируз къват1ие яч1иней йихьун Халида нуц1ихъе рак1аразда аск1ой г1едег1ана. Ц1ализе къадарай йик1аниги, лъабилаб щванилан, бакъ киниги, кенч1олей йигоан гьей.
Жанив унев чи кеч1елъул, хъвараб бихьилеб батилин, ахирги таваккалги т1амун Халида экзамен кьезе жание лъугьана.
    -Ворч1ами, Халикъ Мансурович! Бегьилищ?
    -Йорч1ами. Юсуповайищ?
    -У, - ян столалда цее эхетана Халида ва т1асса гъоркье руссун лъун ругел билетазул цояб босана.
     -Номер?
     -Ункъабилеб.
   -Агьа, босун т1амачгун доб столалда нахъа г1одой ч1а, - ян бакъвараб квер г1ебедеги бит1ун ине колеб бак1 бихьизабуна херав профессорас.
   Суалалги ц1алулаго жинда бихьизабураб бак1алда г1одой ч1ана гьей. Бигьаял, лъалел ратигун ц1амул гьир мугъзадаса бортараб г1адаб т1адагьлъи бач1ана Халидахъе, амма кидаго гуреб г1адин, ч1обого бук1ана бет1ер цониги пайдаяб пикру гьениб жен-жендилин хьулго гьеч1еб къаг1идаялда. Замана г1адада бичаларин к1иабилеб суалалъе жаваб гьабизе лъугьана…цинги дагь-дагь кун жиндаго лъач1ого замана балелде хъван рахъана  лъабабго суалалъе жаваб. Хадувго жаниве вач1арав Рафикие цо лъалаго бак1аб суалалъе жаваб хъван ва гьесухъе кезабунги бажарана гьелъухъа. 
   Билеталъе жаваб лъик1аб мух1канаб къаг1идаялда гьабуна Халидаца. Халикъ Мансурович лъалаго рази вук1ана:
    -Юсупова, лекциязда хьвадиялда ва жакъасеб жавабалда рекъон дица дуе  щуйилаб лъолеб буго. Баркула.
    -Баркала, Халикъ Мансурович, - ан к1арчамго гьимулаго  т1оцебесеб щуйилалъухъ ялагьана гьей зачетка кодобе босун.
Кидаго «щуйилазд» ц1алун ругьунай Халида йохун йик1ана институлдаги лъик1 ц1алун жиндихъа бажариялда. Т1оцебесеб сессия, т1оцебесеб щуйилаб…
    Талих1го Рафикихъ бер щвезабун Халида колидоролъуе йилъана.
    -Чамилаб?! – ан аск1ор рач1ун гор свери гьабуна цадахъ ц1алулез.
    -Щуйилаб,- ан йоххи бахчунеб бук1инч1о Халидаца.
     Гьанже киназулго хьулал ц1ик1ана. Жаний ана Гуля Рафикие иргадулаб суалалъе жавабги босун.
    Халида Мурадгун, курс цояв г1олилавгун, колидоралъул ахада бугеб гордохъе йилъана. «Lexuc» ун гьеч1оан. Цодагьабго рах1ат хвана ясалъул: лъик1лъиялъе вук1аравани гьебгощинаб заманаялъ г1адада валагьун ч1елароан вук1арав. Пикраби гьединал ругониги кутакалда бокьун бук1ана цоги нухалда Вадимида бер ч1вазе, гьесул гьаракь раг1изе. Аск1ов эхетарав Мурадица бицунелъул бащадабги раг1унеб бук1инч1ин кола къот1ное ялагьарай, сабуралда йик1ине къуват г1оларого йигей гьелда.
    Амма замана ун бахъилелдего кьун экзаменгун ц1ияб гъурущ киниги кенч1елаго аск1ов эхетизе щвана Рафик:
    -Кьуна!- ян Халидахъе бачине квер бегьана гьес, - инсул «волга» дур ихтияралда буго, Халида.
   -О! Лъабилаздаса иш гьеч1ин кола дида гьаниб, - ан гьимулаго Мурадица баркана Рафикида ва «дунгоги жанив ун лъик1иланги» абун ана.
   -Баркала, Халида. Мун гуреяни…
   -Дун ц1акъ йохарай йиго нилъ гьаб ургъалидаса рорч1иялдаса. Гьанже Гуляеги талих1 кьейгиян гьареха.
   -Цинги кафе?
   -К1варич1о, Раф. Жакъа бажаруларо. Гуля яч1инег1ан ч1ун йиго ялагьун…
   -Кида рихьилел? Общежитиялдаса къват1ие яхъуней г1амал дур гьеч1ин, библиотекаялда к1алъазеги толарин… Халида, сессия лъуг1арабго цощинай мун рокъой каникулазде инехъин цин гьеч1одай?! – циндаго бач1араб пикроялъ дунивал ч1ег1ерлъун ине бахъана  Рафикие.
…Институталде лъугьине экзаменал кьолаго лъай-хъвай кана Халидал Рафикгун, гьенир фойеялда данде ч1вайгун цоцае рохана гьел. Сентябралда т1оцебесеб лекциялде  цоцада аск1ор г1одор ч1ана. Бук1ана Рафикилъ рек1елъе босулеб карч1амаб г1амал. Щаялиго вач1инахъего Халида йихьулелъув, аск1оса-г1ебеде жив вук1ине колев киниги лъугьана гьев. Лекциял лъуг1игун троллейбусалда Халида ва гьелъул рукъцояй Гуля нуха т1орит1улеб г1адат бакана гьесул. Ясазе зама-заманалде кафеялда рачун рак1 гъей гьабулаан. Гьеч1еб бак1алдаса чидар шагьаралда аск1ов ватизе вац щварал киниги рук1унаан ясалги. Амма цодагьаб г1умро ч1амурай Халидада Рафикил «гьудуллъи» кинаб бугониги гьоркъоблъиялда сверич1ого хут1улареблъи якъин бук1ана. Гьанжеги кин г1илла батунги гьоркъоб бугеб манзил къокълъизе бичазе рес бук1инч1о.  Щибизе!? Ц1али берцинго т1обит1изеанищ цинги школалда х1алт1илаан… г1умроялда цо щаклъи гьеч1еб мурад бук1ана бищун т1инал рек1еда бахчараб – институтги лъуг1ун  жиндиего хинк1 балагьун бажари, гьаб циндаго киназего зах1малъун бач1араб заманалда чидаде кеч1ого. Наку къулич1ого хинк1 балагьун бажаризаби… нахъа мугъ ч1вазе эбел-эмен гьеч1ей, яца-вацаз жидер цояйлъун рик1унарей… чан сардал сих1 тун г1одарай рак1 чучинародаян, узухъда  - гьале гьадинаб къисмат… пикраби щоларел бак1 батилароян, жиндаго г1айиб гьабулаго цеве эхетун вугев г1олиласде ялагьана гьей:
- Жакъа бажаруларо.
   -Унго инкарищ  дур гьеб? Эбги жакъа г1адинаб экзаменги кьун вохараб  къоялъ?
   -Г1айиб гьабуге. Цоги нухалъ, - ан гьудуласул гъажалда квер лъуна Халидаца. – Рокъове к1алъай, дурго рохел загьир гьабун, эбел ургъалида ятила.
    Рак1 хун цодагьалъ ясалъул бадивги валагьун ч1ун ахирги Рафикица абуна:
   -Халида, дуда кидаго багьана батула дие щибаб нухалъ инкар гьабизе. Къаси гьудулзабигун «Янтаралда» г1одор ч1елин хьул бук1ана дир.
Пединституталъул студентазе ц1акъ хирияб бук1ана г1ат1идаб залгун гьом-гьомораб риидал ва хинаб хасалихъе аск1обго бугеб кафе «Янтарь».
    -Дуда мекъи бихьуге, Раф. Дун гьеч1ониги кеп бук1ина нужее гьениб.
    -Божула. Рокьи батула дир духъ кун. Гуревани ях1 гьеч1ого анишазда вук1инаро, - аниланги абун бет1ер г1одоб къулана гьес.
    Йихарай Халидаца квер нахъе босана ва гьими г1адаб жо гьумералда бакинабун абуна:
    -Раф, жакъа кинго бажаруларо. Дихъе яцг1ал яч1ине кола. Бокьани метер йилъина. Дун духъе телефоналдаса к1алъала. Лъик1ищ?
    -Лъик1. Дун хадув вач1ина, - ян мах1ги божуларого гьелъул бадив валагьана хьулалда  г1олилав.
Йохъ, метерги щибго хисизе гьеч1оян танк1 лъуна гьес къойидаса-къойиде жиндир рах1ат х1абургъинабулеб хьулалда.
    -О! Гуля яч1иней йихьула, - ян ч1амуч1аб хабар т1асса кезабун гьудулалде данде г1едег1ана хадув валагьухъего тун Рафикгун Халида.
    -Лъабилаб! – ан йохи загьир гьабун бажарулеб х1ал бук1инч1о пакъиралда.
     -Баркула, -ян к1аркьада баана Халидаца гьелъул. – Т1асса кана. Гьанже цо суткаялъ макьо бихич1ого кьижизе бегьула ургъел т1аг1ун.
    -Рилъаха, гьелда бараб щиб бугеб, - ан ч1аголъана Рафикги.
     Амма гьеб параялъ,  Гулял бер колидоралъул  т1арадаса х1алихъего бачун сумкагун вач1инев вугев инсуда ч1вана.
    -Г1айиб гурищ? Эмен вач1инев вихьула, - ян угьун х1ухьелги биччан, Гуля гьесда данде г1едег1ана, - нужее къомех лъик1!- ан чаналиго нухалъ нахъ юссунаго Халидада «т1ассалъугьаян» гьарулеб киниги.
Саламалъе аск1ой Гулял инсуда инейдай инародаян Йик1аго эмен-ясги г1едег1алихъего галабигун болъодухъан  т1ерхьна. Лъай-хъвай гьабизе эс гьабич1оян угьун х1ух1ел биччана Халидица. Общежитиялда рихьлел ратила. Эмен тохтур вугилан йик1ана Гуля...
     Абилелде, мах1ги бокьуларого, жеги  коридор таниги чаналиго нухалъ нахъехун юссулаго болъодухъа гъоркь т1аг1ана эменгун гьей. Жийго хут1араблъи бич1ана Халидадаги. Гьанже гьудул  бажул дояса метер бакъанида гурони яч1унареблъи якъин бук1ана. Цодагьалъ харбидаги вук1ун, Халидадаса хьул къот1игун,  Мурадги вачун ана Рафикги. Халида ал-долгун хабаралда замана инабизе жуяна. Гуля гьеч1ого хут1иялъ йиххана гьей. «Lexuc» кьурич1ого бугоан институталда цебе ч1ун. Ч1ух1араб машинаялъухъ ялагьун  урхъабго институталъул горда цее  йик1аго Халидада цебе т1амун бач1ана жиндирго цодагьаб цебе араб г1умродул кесек… рак1алда щвана рукъ…
      …Рокъор жеги ункъо вацги, анлъго яцги рук1ана гьелъул. Халида йик1ана к1удияб хъизамалда г1урай г1адан. Г1адатияб,    доб мехалда рекъон, ункъоабилел санал,  хъизам бук1ана гьезул: кидаго гьекъарав эмен х1алт1уца ва унтиялъ к1ек1арай эбел…  Лъабго яцалъ гъутабазда россалгун жиде-жидер маг1ишаталда бет1ербахъи гьабулаан. К1иго  хъизан гьабурал ч1ах1иял вацал Кизляралдаго шоферзабилъун х1алт1улаан, хут1арал - жеги эбел-инсулго рокъор рук1ана. К1удияб хъизан бук1ана Халидал. Амма Халида гьеб хъизамалдаса йигин абун лъиданиги рак1алда цин колароаан – киса! «Йигин» абулев г1адан каниги   щивго божулароан. Цо-цо гьедин бук1унелъулха; г1алахул т1угьдузда гьоркъоб циндаго орхидея т1егьанани. Цойгидал г1адин гурей ц1ализеги пагьму бугей йик1ана пулан. Т1абиг1аталъ гьарзаго биччан бук1ана Халидае щибго: берцинлъи,ц1ализе пагьму,г1уц1алъул цин рак1 тамах гьабилеб киниги х1алимаб г1амал…
       …Кидаялиго киг1ан гьараниги Халидал эбел-эмен мук1ур гьаризе к1веч1о, рукъ цун г1умро т1амулев мадугьал Мух1амадида жидеего яслъун Халида кьезайизе. Мух1амадил ва гьесул хъизан Кларал  жидерго ясги-васги лъимал рук1ана. Амма мадугьалихъ йигей к1арчамай, рек1елъе йортулей Халида жидеего  ячине анишан,  ва гьелъул бук1инеселъул ургъелалда рук1унаан  ц1ализе бат1и-бат1иял шагьаразде лъималги ун, зайт1ун к1иялго хут1игун херал… т1оянго г1азабалда г1умро т1амулей Халидада квер ч1вазе ресал кисадаян пикру  яхъизаналъул я росасул бот1родаса камулароан… мич1ил г1анкелалда роза бижулин абуни щивха божилев, бералда бихьич1они.
     Халидаца школа меседил медальгун лъуг1и  гьезул баракат бук1ана. Амма киг1ан мадугьалзабаз гьараниги Халидал эбел-эмен мук1урлъич1о ясалдаса рат1алъизе. Г1адамаз щиб абилебан х1инкъунищали… щиб лъалеб щаяли инкар гьабурабали, амма Халида лъиениги гьеб хъизамалда баракаталда йик1инч1о.
Халидае г1оло мадугьалас  босана хирияб пианино. Унго пана гьарулел рук1арал куц гьелъ саламатал композиторазул пьесаби х1алаго. Цох1о композитор Листил бакъаналъухъ г1инт1амун г1орц1уларого рук1унаан росги лъадиги. Клара-бажул гьоркьохъебго бакъанияб ц1али бук1аралъул. Чанц1улха хъизан гьарун Мух1амадица йит1улей йик1арай мадугьалзабазухъе Халида аб-доб къвариг1ел бугин багьана батун жидехъего ячине.
    …Халида гьит1инабго къоялдаса нахъего жиндиего г1урай яс йик1ана. Лъица-щиб рокъосез малъаниги  калам тун гьабулаан. Школалда анц1абго соналъ щуйилазда ц1алана: гьелъие ц1акъ бигьаго кьолаан ц1али ва учительзабаз кидаго сундулъго мисалалъе ячунаан гьей. Чанги жах1далъи бук1унаан яцазул ва цадахъ ц1алулезел Халидадехун, амма рагьун жидерго рак1хъублъи загьир гьабизе гьел щаялиго къалаан…
     Гьекъолдухъан  инсуца гьоркьоб къо бахъун къват1ире гъолаан  Халидаги эбелги:  «къват1улъа жо» т1аг1а дида цересаян  ах1улаго. Бац1унаго маг1угун гурх1арал мадугьалзабазухъе, Мух1амадилъуе, щвезаюлаан эбелалъ яс, ва хут1арал лъималазухъе, чури бух1араб бах1ри г1адин, рокъое т1аде юссунаан. Халидада бер ч1вач1они ихдалил гьава-бакъ киниги хехго роц1ун вач1унаан эменги, раг1и абулароан ч1ужуялда ва рукъ ц1ун хъуялда ругел лъимазда. Цо г1унгут1и бук1ана - Халида гьезул жинсалъул йик1инч1олъи.
      Мадугьал Клара Ивановнаялъе жиндираздасаго хирияй йик1ана гьит1инай, «жиндир ясин» гурони абулароан гьелъ Халидада. Гьезул ясалъулгун щаялиго Халидал кидаго данде колароан. Ц1акъго бат1и-бат1иял рук1ана гьел г1амал-хасияталъ. Гьеб гуребги чияр яс эбел-инсуца рокъой гьуин гьайи рек1ее зах1малъич1ого хут1улароан гьезул к1удияй яс Наидада. Вас, Мухтар абуни Халида йихьарайго шахматалгун щолаан аск1ове малъизеян. Халидадаса гьезул лъимал  микьго ва анлъго соналъ к1удиял рук1ана. Лъуг1ун школагун ана авиациялъул институталде ц1ализе Мухтар, ва Москваялда политехническияб институтги лъуг1ун  гьенийго къокъид росасе ана Наидаги. «Янгъизлъарал»  Кларал ва Мух1амадил т1олабго бер балагьи Халидадехун буссана.
К1удияй г1унаг1ан рокъоселгун т1олей йик1ана пакъир. Чанги сардаз гьей ургъулаан гьадиг1ан релъинч1ей киса жиян. Цох1о рохел бук1ана – гьудулзаби ва Клара-бажу. Киг1ан Наидае жий йокьулареблъи лъаниги,  бет1ер ч1вазе г1адан гьеч1еблъиялъ, цох1о Клара-бажу ракьалда ч1аго-г1ат1го йигеблъи лъаниги г1олаан пуланалъе.
        Гьудулъиялъеги рит1ухъай йик1ана Халида. Микьабилеб класс лъуг1игун Халидал гьудулъи гьабизе бокьарал васал г1емерлъана, цо-цо ч1ах1иялги цин хабар гьабизе лъугьунаан гьейгун. Киг1анго  г1асиял вацал рук1ин лъаниги гьайбатай х1алимай ясалъухъе ц1алаан г1олилазул рак1ал, чангиял абуни аск1ор къазецин къуват г1оларого к1вен-к1вендилелги хут1улаан – вацазда  цере нагагь эхетизе кезе гурилан х1инкъун…
      Школа лъуг1иялда бан т1обит1улеб балалда цо анлъгоясниги шурана  «йокьулин» гьелда, амма  ясалдаса жаваб раг1улареблъи лъалаан гьезда. Халидал лъидехунго рек1ел ц1айи бук1инч1о.
      …Кват1ич1ого институтги лъуг1ун Кизляралде т1ад вуссун вач1ана Мухтар, унго гьесул лъугьун вугев гьайбатав г1олохъанчи. Вук1инисев летчик-испытатель. Жиндирго т1оцересел  кагътазда данде  жаваб Халидаца гьабич1еб мехалъ, эбелалда аманат гьаюн тана гьес Халида. Гьанжеги, вач1ун вахъиналдего, багьана батун рек1елай мадугьал рокъое ячине аян гьарана гьес эбелалда. Кларада лъалаан Халида инсуца экзаменал т1аде щвезег1ан яцалъухъе гъутаналде гьелъул лъимал хьихьизе йит1ун йик1ин. Бугониги калам тун мадугьалзабазул каву рагьун жание лъугьана Клара. Къай-свериялъул язихълъи…
Эбел жийго т1ад юссигун т1убанго х1ал хисана Мухтарил.
      -Мухтар, дир вас! Лъаларо кин абилебали цин, - ян жуярай эбел гьоркьой къот1изаюна васас.
       -Ма! Абуге щибго. Лъица щиб абуниги Халида гьеч1ого вук1ине к1оларо дида. Дун хассгьабун гьелда хадув вач1арав вуго.
      -Мухтар, Халидадаса лъицаниги квешаб раг1и абиларо, гьединай яс гуро гьей. Гьит1инай йик1ин гурони. Инсуе институталде лъезе бокьун йиго. Школа меседил медалалъ лъуг1изабулеб буго пакъиралъ.
       -Т1ассалъугьа эбел, дун хехдарана. Баркала нужее. Ц1алуе квал-квал гьабиларо, дир харж г1елаан нижее. К1иго соналъ практика лъуг1изег1ан гьудуласул ч1обогояб квартираги буго…гьев Воронежалда кана распределениялъ. Ма, мук1ур гьае дие яч1ине Халида. Дица ц1акъго гьарула дуда, – дир т1ок1ав мугъ ч1вазе бак1 гьеч1олъи лъала дуда – кидаго духъе  векерула къо бач1арабго. Ма, цониги дун рак1алдаг1аги щолароанищ Халидада гьадинго хабар-к1алалда нуж ругел мехалъ… эбелалъ цодагьалъ танхъун, пикру ургъун, мух1кан гьабун абуна:
         - Дун талих1ай йик1инаан, дир вас, нуж данделъани. Дун к1алъала гьелда, амма т1ирун ч1олеблъи х1акъаб буго – зах1мат буго гьелъие гъодинаб хъизималдаса йик1ине. Жеги гьит1ингоги йиго гьединал жал рич1ч1изе, цощинаб жинда гурх1ун ячуней йигин кеч1ониха бач1инахъего. Дица х1ал бихьила. Жеги лъимер йиго гъой, Мухтар…Бит1араб бицани  инсуцаги щиб абилебали лъаларо. Гьесул цощинаб жиндирго ургъараб-тараб бак1 батани…гурх1ула,  дуда лъала гьесул къуркьи гьеч1еб хасият. Г1еч1елъуй Наида чидар тухамалъул васасе ин х1ал лъазе теч1ониги ц1акъ зах1малъана гьесда. Гьанже дуцаги бокьараб гурони гьабич1они…Лъалищ, Наидаца ва дуца инагьдизаруна ниж Халидахъе – нуж  «г1орц1иялъ» г1адамасул, эбел-инсул  бух1и-ц1орой бихьуларел рахъиндал…Бихьулищ дур  г1ажаиблъун ц1ац1ай - щаклъи гьеч1о гьанжелъизег1ан гьединаб пикру я дур, я Наидал бот1ролъ киса бач1унеб. Наида росасе ун к1иго лъаг1ел данде сверулеб буго – жеги нижехъе яч1ун гьеч1о. Москва бат1аго самолеталда рек1ун яч1ани рик1ад гьеч1елъул: ниж ч1алг1ун ратилин, йихьизе хьулун ятилин рак1алда цин колеб гьеч1о.  Гьале мун вач1ун к1иабилеб къо, саг1ат банищ эменгун хабар-к1алалда, рокъоб щибг1аги кверагъари гьабизе колищан ц1еханищ – ниж санал ранаг1ан нахъе колел ругел мехалъ. Мухтар, гьарула йит1ун йич1аян. Г1айибал ч1валеб замана гуро. Гьаналъ бицунеб буго дида – дуцаги инсул рак1 бохараб жо гьабулареблъи. Т1ассалъугьа, абич1ого чанги х1ехьон бук1ана, амма цощинаб кинабго т1иналда бахчариялъ бугодай  кинабго гьадин г1аксалда нилъер хъизамалдаян кола цо-цо. Мун гьанже саламатав бихьинчи вуго - хьул буго щибг1аги  дуда бич1илин. Батила нижер гъалат1! Гуребани аллагьас гьадин чидакъ гьарилароан ниж к1иго лъимадул эбел-эмен…батила цо г1ила,- ян х1алицаго кун бук1араб бух1араб маг1у чвахун ана Кларал бадиса.
         Унго! Абизе раг1и къанаг1атлъанагури, К1удияб къоялъ т1амхал хъах1лъараб Къуран киниги бугогури пикраби т1аг1ун бет1ер!
       -Ма! – ян бак1ида ячун к1усинаюна гьес эбел ва гьелда цеве накабазда живгоги к1усун къвал бана гьелда.
Гьале, лъимаца киниги кидаялиго гьумер бахчулеб накабазда г1олохъанав г1урав г1адамас, бицун раг1ул пайда щибан васасул расада квер бахъана чвахун ине х1адурараб маг1у берал къапезарун ч1езабулаго Клараца.
       …Халида гъутадаса яч1унеб къо данде кезабун х1адурлъана Мухтарил диплом «чурулеб» рак1а-рахариялде.
Лъабго къойидаса, бакъанил г1ужалъ, яцалъул росасасул вацас, гъутада г1ияда вук1арав г1аданас, щвезаюна Халида т1ад юссун. Яц росасе уней къоялъ, т1оцее бах1арайгун Халида жидер азбаралъуй машиналъуса къват1ий яч1ингун, к1ал-мац1 къот1ун, лъавудаса ун-инч1ого Халидада т1ад лъун бералгун хаган хут1ун вук1ана Салих1. Лъазего лъач1ого Халида,  нахъисеб къоялъ, бах1аралъул чаг1и т1ад руссун ингун, эсалде вач1ана Салих1. Вацасул бертин гьесие макьилъ киниги ун батана, чехь г1орц1инег1ан шашлык кваналин берталдаян аниш цин рак1алде щвеч1о пакъирасда. Йихьаралдасаго  гьелдаса нечон къан вук1унаан Салих1, гьанжеги чанги халатаб ч1амуч1аб нухалда берцинго раг1и бицине бажарич1о Салих1ихъа: гьев талих1 вук1ана маргьудалъ кинги берцинай Халида жиндир  басрияб, чвархъи-занк1иялда гирулеб бугеб машинаялда  аск1ой г1одой ч1ун йик1иналдаса, зама-заманалдаса вацасул доя лъималазухъ ялагьизе  яцалъе кумекалъе гьей яч1иналдаса. Рукъалда цебе машина танхъинабун  Халида гьениса къват1ие яхъине заманалъ гурони Салих1 ч1еч1о: инсуда я вацазда вихьани сурилаян. Халидаца «баркалаян» бет1ер гьанк1ун тана раг1уе барахщарав г1адамасде. Гьей унгоги свакан йик1ана жакъа  Салих1ида рокъове жаниве вилъаян берцин бицине.
         Каву рагьигун азбаралъув ругьунго гьекъарав инсуда бер ч1вана гьелъул. Эмен гьекъон ватидал рак1 бакъвана Халидал  сахалъе гьеч1еблъиги бич1ун,  ва гьесда йихьиларидухъ азбаралъуса рокъой жаний г1едег1ел гьабуна, амма гьебсаг1ат х1оболъ ч1вараб маг1 киниги эхетун хут1ана гьей инсул циндаго бахъараб гьаракьалъ:
        -Кие мун?! Гьание яч1ая цо!
        Гьалехаян кидагог1адин  юц1ух1ун аск1ой йилъана Халида, талих1 Салих1, жанив вилъине замана гьеч1илан хехго ун вук1аравг1аги. Г1ажаиблъи, хут1арал рокъосел гьеч1ел къаг1ида. Цониги г1адан кавудул к1алт1а машина танхъигунги къват1ир ракич1ин. Яги инсуца х1инкъизарун  цо рокъоре рак1арун ратила, гьанже щибдай бук1инаян гордухъа ракула гьел, кидаго цого жо. Кин к1олеб балагьизе г1адамас цогидав г1адам инжит гьавулелъухъ, киноги гурелъул телевизоралда.  Жиндир лъимер. Жидер чехь цояй яц малаца, гьакълица гьалаглъун щинахъе малаца ч1валелъухъ ралагьун рук1ине, цо нухалъ гурел, к1иго нухалъ гурел…
      -Х1ехь г1адин ч1оге, дуда эмен к1алъалев вугин! – ан г1ерг1едана гьев къулараб бет1ер борхич1ого  аск1ой яч1ун яс эхетидал.- Гьание, дир бадие ялагьея цо! Дудайин дун к1алъалев вугев, къват1улъа караб жо! Дир мугъ беки мун азбаралъуй щваралдаса буго… кий йик1арай каву тун къват1ий  капурго хвад…эбелги йиго дур гьейго таращ. Гважуца гьабураб гважи.
     Аск1овги вач1ун т1ат1алаго гьурмалъ гъоркьа т1аде хъат бана инсуца Халидал. Бидулъ бец1улеб гьумергун  Халида шурич1ого ч1ана: лъутани авал-къоноялдаго суризаюла – гьадин, юхун свакаравго вуц1ух1ун жиндирго рокъов кьижизе унеб г1адат бук1ана гьесул. Сваказег1ан живго тего мадар.
      -Таращ! – ан бараб малаца, яцалъул доя рукъ-бак1алда ва лъималазул т1алаб-агъазалда ч1уч1адан къойица хурий йик1уней яцгун свакаялъ ч1амуч1лъараб къаркъала, гьороца пураб х1ули кинигун азбаралъул цементалда реч1ун ана. Г1одой къабиялъул унти к1очон тезабуна т1ат1алаго чехьалда  рарал малаз. Гьей, к1овухъе гурдеялъ инсудаса бохдул рахчулаго, хехго лъавудаса ана. Х1алхьезе цо-к1иго мал ясалъул мугъалдаги бан, тартадилаго Ах1мад рокъове жанив лъугьун ана.
      Инел къоялгун, кинго хъутадаса яч1унго яхъунарей Халидагун, хъаравуллъи кун вук1арав Мухтарица мадугьалзабазул кавудахъ ахирги машина ч1ун бихьана, иргадалаб  нухалда, Халида яч1ун ятилинги ккун Мухтарица эбел йит1ана  гьезухъе. Васасда бугеб х1ал  эбелалда гурони лъидаха унтилеб, Клара т1ад калам гьабич1ого мадугьаласухъе къокъана. Каву рагьигун азбаралда т1ийит1ун бид ец1ц1улей Халида йихьана Кларада ва г1асияб гьаракьги борч1ун ун ясалда хурхана. Халида гьеб заманалда лъавуде ячун-ун йик1ана, т1ад яхъине х1ал гьабулаго сверухъ бер щвезабуна -  рокъор унгоги щивго гьеч1ев къаг1ида. Цо кинабалиго параялъ Халидада Кларал сурат цебе бач1ана - гьанжеги Клара-бажуда цее сурана…щабдай гьелда рак1алда кана, кидаго юхулей йик1унин…амма т1ад къулараб гьумер бадиб бугеб сур-суриялъ эменилан кун, ва гьанже «ч1вала гьес дунан» пикруги бач1ун, йик1ахъе лъай-г1акъло бихун ана пакъиралъул.
        Х1инкъиялъ ц1оро-гъорон лъугьунаго к1ал-мац1 къот1арай г1адан гьелда цее к1усун кана Клара. Кумек гьабизе кьеркьолаго бица ц1уна гьелъул гьалбадерие рет1ун рук1арал ч1ух1арал костюмал, кверал. Х1абургъараб балаялда сог1аб кунч1и бугоан. Гьеб балай лъалаан Клара Ивановнаялда цебегоса. Ц1унаги…Гьанже жий гьаб инжитлъиялда чидар чиясда цее йик1иналъ цодагьабги гъваридаб ругъун лъунагури лъимадул рек1елъ.
       -Дир месед! Дир месед…- ан  г1одулаго каранда къана мадугьалалъ яс.
       -Г1одуге,- ян х1алицаго к1ут1би рич1изарун заг1ипго шурана Халидаца, ругьунлъизе замана щвана к1иязегоги…
       -Г1асилъиго щиб г1адамасул! Мух1амадица ахиралдаги ч1ван вахъун кола гьев…Аллагьг1аги киве балагьун вугев, мун? Дир месед – ан чвахун унеб маг1у къот1изабун бажарулеб бук1инч1о Клара-бажухъа, - яхъине к1олеб х1ал гьеч1ищ?
       -А-а…чехь т1ут1улеб асар буго. Мун а, Клара-бажу. Цодагьалъги ч1ун дун яхъина…Дудаса нечон ратила рокъоселги къват1ир ракине к1оларого ругел…
       -Агьа! Гьаб г1азаб дуе гьабулаго гьал рокъор рахчунищха ругел?! Цо минуталъха т1ок1ай дица мун гьаб къавулъ толарей. Фашистал! – ан цидалго гаргадилаго Халида жиндаго яч1инаюн эхетизайизе к1оларищали х1ал бихьана гъелъ – кинабго ва рукъ ц1ун рак1арун ругел гьалбал  к1очон тана гьелда гьеб заманалда. – Халидка, т1ок1алъ цо минуталъги  мун гьаб къавулъ толарей нижеца мун. Мух1амад-ацица  ахиралдаги ч1ван  вахъун кеч1они дур эмен.
Клараца цойги х1ал гьабуна Халида къвал банг1аги цадахъ ячине к1велародаян.
-Йиччай! К1варич1о!…Метер экзаменг1аги гьеч1****и…дида к1оларо шуризецин, - ан заг1ипго шурулаго Кларахъанги йорч1ун сук1-сук1ун ана гьей.
-Дун гьабсаг1ат, цо минуталъ, - анги абун рокъое екерун ана Клара.
Эбел яч1иналъухъ ях1 тун хъаравуллъи ккун вук1арав Мухтар хаган хут1ана бидуца ц1ураб эбелелъул рат1лихъ валагьун:
-Ма?!
-«Скорый» ах1е! Хехго!…Эмен…Инсуда гъоркье вач1аянги абе, - ян х1ухьел ккун  бак1ида к1усана  Клара.
Векерун щвана гьалбал рехун тун Мух1амад, васасул диплом «чуризеян» рач1арал гьалбалги жалго тун ч1ужу т1аг1ин бич1уларого вук1арав г1адан, васас «гъоркье  аян» г1инда шуригун.
-Клара, дуе лъугьараб щиб!?
-Халида…гьанжеги инсуца юхун йиго, - ян шакърахана гьей, - Мухтар «скорый» ах1изе вит1ун ана.
-Рилъа, Ах1мадилъуре! К1варич1о, дунго ина, - ян абун  ч1ах1иял галабиги ран ццидахун къват1иве г1едег1ана Мух1амад, - Рет1ел хисе, Клара, лъиданиги йихьизег1ан.
Ч1ужуялда ч1ун  бугеб х1ал бихьигун  гьалбазда квер хьваг1ана Мух1амадица. Амма Клара хадуйго г1едег1ана.  Халида додинго, г1одой йик1ахъего йигоан, Мух1амад-ацица парт1ан кодое йосана гьей ва «кивеян» Кларахъе валагьана:
-Гьаний тун пайда гьеч1о.
-Нилъехъего яче, - ян абуна Клараца.
-Гьанжесала, хабалъа вахъун эмен цеве ч1аниги, толаро дица Ах1мад, - ан ццидалъ к1алъана гьев  т1оцебесеб этажалдаго г1адан чи щолареб рокъой диваналда Халида лъолаго, - ч1вазе хут1араб жого бихьуларин лъимадул…
-«Скорый»  бач1ун батила…- ян ракъварал к1ут1буз шурана Клараца россасда.
-А, цо балагьизе.
Жеги сороди къот1ич1ел бохдузда яхъун ч1ун Халидада аск1ой йилъана, ц1орораб лъеца бац1ана гьелъул гьумер, расал бидаса, хехго т1аса бахъун рехена басриябго, кьер араб гурде ва жиндирго халг1ат рет1ана. Халида сих1къот1ун ч1ун  йик1ана. Мокьрукъе руссарал гьелъул берзукъ ч1обоголъиялъ ц1акъго заг1ипаб г1аламат  хут1ун бук1ана    
Г1емераб заман балелдего щвана тохтур медсестрагун цадахъ. Клара-бажуца бицаралъухъги г1инт1амун, дарабиги хъван, уколги гьабун ана гьел. Нагагь Халида квеш лъугьани, больницаялде щвезайизе йик1ине жидехъего цойги нухалда ах1еянги абун. Халидаца раг1и абич1о, цо пикру бук1ана гьелъул бот1ролъ, чехьалъул бух1и кида танкилебалиян. Къойица яцалъул доя х1алт1иялъги ва цониги сордоялъ к1арабаз  ва лъимадул г1одиялъ берцинго кьижич1ей г1аданалъул данде ц1ан унел рук1ана берал макьица. Цо саг1аталъ кьижизеанищ, цинги хут1аралъул…
Клара нуц1ида к1ут1и раг1игун къват1ие якана Мухтар ватизе бегьулинги ккун,  Мух1амад врачал рач1ингун  гьалбал жалго теч1огоян ун вук1ана.
-Ма! Бит1арабищ инсуца абураб?
-У, дир вас! Цо нух бук1арабани щибан. Кинго бец1ун бахъунеб гьеч1о Ах1мадихъа Халида бат1ияй йик1ин. Рак1 т1ет1елеб  буго дир гьелъухъ балагьун…метер т1оцебесеб экзамен буго пакъиралъул.
-Т1ок1ай рокъое йиччазе бегьуларо гьей. Жаниве ине бегьуларищ дун? Г1айиб гурищ гьадин кеялда.
            -Г1едег1уге, Халида ч1ух1арай яс йиго, гьелъие зах1мат бук1ина гьанже мун вихьизе. Цодагьалъ ях1 гьабе, кьижун карайго  дица абила дуда. Гьалбал жалго тоге. Дунги гьабсаг1ат яч1ина. Укол гьабидал кьижун келей ятила гьей.
            -Ц1акъго квешго йигищ? Т1ад вуссине заман г1аги щолеб гьеч1****и, - ан бак1го угьун х1ухьел бичана Мухтарица.
            -Дун балагьун яч1ина,- янги абун Клара жаний йилъина.
            Халида кьижун йик1инч1о, берал къанщун ч1аниги. Т1ад бараб простыняги рекъезабун, кьижун йигинги абун Мухтар жаниве вичана эбелалъ.
           Киг1анха гьев ч1алгун вук1арав Халидахъ, киг1анха йихьизе, цо бер ч1вазе бокьун чанги сардаз инагьдулев вук1арав. Гьале г1иц1го гьадинаб ах1вал-х1алалда  т1убалеб буго  анищ… Унго гьадинищха ниж данде ч1вазе хъван бук1араб? Бигьагьавун гьев Халида егараб диваналда цеве к1усана: огь, дир харияй, берзул канлъи! Дун духъ ч1алг1ун вук1арав куц г1иц1го аллагьасда лъала, щурулеб бук1ана г1исинкун гьесул к1ут1буз. Гьурмал ч1агояб бак1го гьеч1ин хъатица ч1вач1еб… к1олеб г1аги кин гьабберцинлъиялда квер борхине…дир гьат1ин…
Халида, т1аде вач1арав г1адан Клара-бажу гурейлъи лъан, Мух1амад-ацидаян цодагьалъ намуслъун х1уккел кун хут1ана, амма надалда лъилалиго к1ут1би цуйгун «вайян» гьелъ йихун берал рагьана.
-Т1ассалъугьа, - ян кьер т1ун ун т1аде вахъана накабаздаса Мухтар ва нуц1ихъе щун унев  вук1арав чи т1аде вуссана: дица гьабулеб щибан рак1алде вач1унаго.
- Мухтар?- ан рич1изируна гьороялде руссарал к1ут1би ва г1ажаиблъи кунч1ун сун арал бераздаса чвахун ана кун бажарич1ел маг1ил мухъал.
-Йорч1ами. Халида…Щиб х1ал бугеб дур?
-А. Мун отпускалдейищ? Йохарай йиго мун вихьизе, - ян гьими  бакун бахъиналдего сун ана гьелъул унтиялъул г1азаб х1ехьон бугеб гьурмада.
-У, - янги абун нахъойги диваналда цеве к1усана Мухтар. – Институт лъуг1ана. Саратовалде вит1ун вуго х1алт1изе.
-Баркула.
Кидаго дир инжит-х1акъирлъи гурони  мадулгьалзабазда  бихьизе хъван гьеч1еб къаг1ида. Гьабго щиб жоян ватила  Мухтарги…гьев  гурх1арав вуго, Наида йик1араяни бер щвезе телароан ч1ух1иялъ, г1амалалъул к1одолъиялъ… гьелъул г1адинал эбел-эмен хадур рук1аралани щиб лъалеб дунги ч1ух1иялъ г1одоб х1ет1е хъвазе теларин лъугьинеги бегьулаан.
Халидаца гьев ч1ух1арав г1олохъанчи ц1акъ рик1ад х1исабалда гурони къабул гьавулароан: Мух1амадил цо вугев вас! Тухумалъул ясазул анищ. Цогидазул хьулцин лъолароан гьединаб бак1алдаса ригьиналда – киса! Мух1амадил азбаралъуй т1уялей нус ва Мухтарил рак1 рекъолей яс киса йик1уней, бечелъи  добе-анибе кезе бичач1ого жидерго яс ячина гьезан гаргадулаан шагьаралда г1адамал…
-Эбел-эмен ц1акъ ч1алг1ун рук1ана нужехъ….- ан заманалдаса, Мухтарил цо бат1ияб балай бугин эс гьабулаго, абуна Халидаца.
Гьумерги хъах1илъун батила…Эбел-инсул рак1 гъеялъе игрушка дун йигей киниги вук1унев ватила гьав…гьале гьанжеги эбелалъ т1алаб-агъазалда ячун йигоян.
Кидаялиго цадахъ шахматал х1алаго щибаб ход гьабун тун жиндир бадий ч1варкьун ялагьун ч1олей йик1арай куцан рак1алда т1амун бач1ана Мухтарида, Цощинаб гьабулеб ход жиндихъа мекъи гьабун анадаян ц1ехолей киниги, амма Мухтар кидаго бергьунелъул мук1урго фигуркаби ракарун инсул кабинеталъуре щвезаризе унаан…доба полалда рехун бугеб инсуе лъицаялиго бач1араб цидул т1омалда х1инкъадго х1ет1е ч1езе  хьулалда…Мухтарица кидаго балъ гьабун хал колаан гьей кабинеталъуй т1ерхьингун – киданиги жиндаго хадуб нуц1а къалеб г1адатги б1ук1инч1о… т1омалдаса х1инкъулейлъи лъалаан гури…
-Дун, дуда рак1алдего щолев вук1инч1ищ цониги?…Халида…- ян гьаракь хисана бер т1аса босич1ого гьелъул бадив валагьун пикрабазда  хут1ун вук1арав Мухтарил.
Амма ясалда раг1ич1ин кола гьесул гьари. Заманаялдаса гьелъ щурана:
-Дун ц1акъ йохарай йиго мун вихьизе. Т1ассалъугьа гьадин йик1иналъухъ. Дур эбел-инсудаса нечон йигей куц. Жийго  те дун. Гьарула.
-Г1айиб гьабуге. Къвариг1араб жо батани эбел йит1ила. – ян т1аде вахъана щибго бич1изе к1веч1ев Мухтар ва бигьигьабун нуц1аги къан къват1иве вилъана.
…Рак1а-рахари кин бук1аниги караб х1ухь-мах1 лъиданиги ч1валаредухъ г1адамазул къаг1идаялда гьарзаго т1обит1ана гьез.
Анц1го къониги балеб бук1ана Халидаца мадугьалзабалъуй. Къойил г1одулаго щолаан Халидал эбел Клара-бажухъе: яс рокъое йит1еян. Амма Мух1амад-ацица кьварун лъазабуна, Ах1мад туснахъ гьавизе бокьун батич1они жиндир рукъалдаса рик1к1ад ч1аян. Г1ажаиблъи яцал кин йигеяли йихьизецин ракич1о гьелъухъе. Киналго экзаменал Мухтарица инсул «ауди» ялдаги рек1инаюн щвезаюн ва лъуг1игун гьединго рокъое ячун кьуна. Меседил медальгун аттестат кодобе щвараб къоялъцин кунч1ич1о гьелъул бадиб рохи. Г1емераб Клара-бажуца бицигун, х1алихъего цо къоялъ Мухтаргун пляжалде ана гьей. Киг1ан Мухтарица гьараниги лъим ххазе мадар гьабулей йик1аниги гьенийги «йигьинайизе» к1веч1о.
Т1оцебе хъах1илъарал ва т1огьилъарал пятнабаздаса нечон ятилин тана Мухтарица ва живго  машиналъуб рет1елги бахъун лъехъе векерана. Амма Халида сидениялдаса шурулей йихьич1олъиялъ хех т1аде вуссана:
-Халида, щибниги караб жо бугищ дун г1айибав?
-Гуро. Гьеч1о щибниги. Дихъ балагьич1ого а. Хиял гьеч1о лъеда хъвазе… Лъик1ищ? – ан бералги рагьун щаялиго цеве эхетун вугев Мухтарида бер щвезе теч1ого гьимана Халида.
-Дун бецав гьеч1о, цо рак1 беки буго дулъ. Ц1ализе лъугьиналъул ургъалидайищ? Гьарула, бице, дур сих1къот1иялъ кваналев вуго дун.
-Ц1али? Лъаларо. Свакан йиго дун…Ах1мадил къватулъа яс… Т1ассалъугьа дур отпуск дун сабаблъун хваралъухъ. Г1адада рилъана нилъ гьанире.
-Дие йокьула мун, Халида. – ян абулаго г1айибго валагьана гьев ясалъул бадив. - Халида, цодагьавниги дун рек1елъе восулев ватани яч1а дие ч1ужулъун. Гьарула. Ц1алуеги квал-квал гьабиларо. Дур инкар бук1инарин хьулалда вач1ун вук1ана дун рокъове,- ян гьелъул цояб квер жиндирго квералъ бигьагьабун  данде къан ва чанги нухалъ т1ат1алаго баана гьелда.- Дур жавабалда бараб буго дир г1умродул талих1. Г1азаблъун лъугьина дие мун гьеч1они гьаб т1олабго  г1умро.
-Рилъа рокъоре, - ян квер нахъе босана Халидаца Мухтарихъа.
-Дуца щибниги абуларищ?
-Сунда, - ян бич1ич1о гьелда.
-Дие мун йокьула ва гьарула дие росасе яч1аян, - ц1акъ г1одове вичан ва бак1го к1алъана Мухтар.
-Росасе? Дуе? Мун гьаглъун вугин ккола дида, Мухтар. Ах1мадил къват1укьа яс – Мухтарил ч1ужу, бокьарасда гьаб шагьаралда ц1ехе – гьез щаклъи гьеч1ого абила дун дир хъизамалдаса гуреян, цо кинаялиго хъах1баялъ къват1укъ гьаюн эбелалъухъ  рехун ятила… эбелада ц1ехани, гьелъ г1одун тола… сахал г1адамал  дир эбел-эмен рук1аралани гьез дун йижараб хъизамалда рехун  телароан. Гьел цодагьалги квешал рук1ун ратила жидерго лъимер рехун тарал, киданиги ц1ехеч1ел,  щий дун? - ян пашманго гьимана гьей. – Клара-бажуда раг1ани мугъ рехила гьелъ дидехун. Рилъа гьаниса нахъе. Гьарула  дуда, Мухтар.
- Г1едег1уге. Эбел-инсуда кинабго лъала цебего… Гьел талих1ал рук1инаан мун дие яч1иналдаса. Къаси я «уян» я «гуроян»   абизе ккола дица. Халида дуе щивниги вокьулев ватич1они, йилъа дунгун, раг1и кьола дур талих1 дираблъун бук1ине бугилан. Мун гьеч1ого т1ад вуссине к1оларо дида, хъамунгицин. Дир махсаро гуро. Т1амуге дун гьеб гали гьабизе. Гьарула дуда.
-Аллагьасе г1оло, дуцаниги те дун Мухтар. Метер дун ина ва т1ок1аб лъиениги дица квал-квал гьабиларо. Г1адамазул гурх1ел-ц1об зах1мат буго бачизе. Клара-бажуца дирго рокъоса дун йорч1изеян абун батила дуда. Божула, дие лъик1лъи бокьун гьабулеб бук1иналда, амма дуе яч1ине к1оларо. Дуда хехго ч1алг1ина дун, щибниги бечелъи, бухьенги гьеч1ей г1адатияй яс. Диеги ватила  дидаго рекъарав…
Аллагь, бокьун бугеб куц гьаб гьит1инаб, жеги т1егьач1еб гьайбалъи каранде къазе…
-Мун мекъи йиго, Халида. Я дие, я эбел-инсуе мун гурони щибниги х1ажат гьеч1о. Дица кинго хьул къот1изе толаро дур гьеб ахирисеб раг1и батиялда.
-Рилъа, - янги абун ц1акъ г1олилазе хирияб «Кармен» бичана Халидаца.
Мухтар вуц1ух1ун лъехъе ана. Унгоги эбел йит1арай йихьула: жеги гьит1ин йиго Халида. Дун рек1елъ восуларого вугев гьеб г1иллаялда батила. Жеги васал-чиязул хабар гьелда бич1улеб цин гьеч1еблъи якъин.
Бец1хъах1илъун, т1ад цун рук1ана ц1адулал нак1к1ал, г1исинкун пулеб бук1ана гьури – г1ажаибго хех хисана жакъа гьава-бакъан  кана Мухтарида хадуй ялагьун йигей Халидада ва заманалдаса  ях1 гьабизе к1веч1ого лъелъ т1ерхьун унев г1адамасда ах1ана:
-Ц1ад базехъиниб буго, т1ад вусса!
Мухтар  данде к1алъач1ого хадуб ах1араб раг1ич1еб киниги лъелъе т1ерхьун ана ва кинго къват1иве вахъунев вук1инч1о. Х1инкъиялъ  гьев лъелъ гъанкъун ватилин гьесда хадуй ралъдалъе к1анц1ана рак1 бихарай Халидаги.
Гьороца карачелал к1вач1и рахинарулел рук1ана. Цабзазукь гурдеялъул кунч1елги кун, бохдузда жемиларидухъ, бугеб къуваталъ Мухтар вук1арав рахъалдехун лъедана, амма гьенив гьев гьеч1оан.  Халида чанго нухалъ жаний юкъана ватилародаян, циндаго гьелъухъе квезе щвана Мухтарил х1ет1е. Мухтарица жийго лъелъе ц1алей йик1ин бич1игун  гьесул гъажалда хурхана ва к1вараб х1алалъ лъелъа къват1ибе гьесул бет1ер бакинабизе х1аракат бахъана: Мухтар гъанкъулев вук1иналда гьелъул щаклъи кеч1о. Гьеб бич1арав чияс ц1ац1алей Халидадаса нечон ракьдат1е щвезе кумек гьабуна. Унго…гьанже гьелда цебе квезе гьумерго хут1ич1о дидаян сан-сандилев вук1ана  гьев  щибго к1очон тун жив хвасар гьавулей Халидае кумек гьабулаго лъелъа къват1ире рахъине …рет1елгун к1анц1ун йихьула, кинавха дун г1абдал- г1адада х1инкъизаюна. Раг1алде щолаго бач1араб карачелалъ т1адагьай Халида нахъе кьабигун гьелъухъа Мухтар вахъун ана ва цабзакь бук1араб гурдеги борч1ун  мах1азулъ жемана гьадингоги х1ал лъуг1арай  г1адамалда…т1оцебе гьелъ эсцин гьабич1о жий Мухтарица ячуней йик1ин. Песокалда т1ад гьел регигун, биччан тана чвахун ц1ад. Перхезе жубана т1ат1алаго пири. К1иялго чехьат1адеги регун таманаб замана бана гьез ц1адуда гъоркь. Цо жо рак1алде бач1араб киниги циндаго Халида Мухтарида т1аде къулана:
-Мухтар, мун кин вугев?
Гьес х1еренаб балайгун вуц1ух1ун Халида каранде щапизаюна ва урхъун чанго нухалъ к1ут1бузда баана:
-Баркала, дуца хвасар гьавуна дун.
-Мун лъик1 гьеч1огонищ лъугьарав? – ан бигьалъи бач1ун х1ухьел бичана Халидаца.
-У. Цо-цо бук1уна дир гьедин.
-Дару гьеч1ого т1убалищ?… Баркаман, балеб бугеб куц. Хисизе рет1елги гьеч1о цадахъ.
-Хисизе? А…Дидаса талих1ав чи ватиларо гьал минутазда. Баркала къисматалъе, - ян  ясалъул бот1рода т1ад хъатал куна, йичигун гъадида релъун йихьана щаялиго Мухтарида гьей ва жиндиего гьимизе бач1ана: т1огьилаб гъедо.
К1иабилеб нухалъги къвариг1ел гьеч1еб жо бихьигун, гьесул рак1 хвеларидухъ бигьагьабун Мухтаридаса рик1алъизе хиял гьабуна: щаялиго гьесул балаялъ, х1ухьелалъ бет1ер сверулеб асир гьабулеб бук1ана  Халидае.
- Гурде бахъе т1асса. Бичараб гьеб т1ад тун пайда гьеч1елъул. – бараб къвал чучинабун гьелъул бадив валагьун ч1ана Мухтар.
-Т1оцебе бихьулеб буго пляжалда ц1ад балеб…Гьаб т1омгун рек1ун буго, - ян йихун жиндаго бер щвезабулаго т1аде яхъине х1ал гьабуна Халидаца.
-Бихье, дица бахъизе, - ян бет1ер борхана ва кумек гьабизеян лъугьана гьев.
Мухтар абизе раг1и батуларо, гьалгъан хут1ана Халидал мугъзадаса ругел хъах1илъун бидречарал г1ужал рихьидал. Халида гьеб гьанаца бицараб киниги юк1ун   ана, песокалда Мухтарица рехараб гурде хапун т1аде ч1вана.
-Иокьулей,- ян гьелъухъе гурде нахъеги босун къвал бана Халидада, - йокьулей…гьарула божа дида, Халида, йилъа дунгун цадахъ.
-Вуц1а. Рокъоре т1ад руссун лъик1 нилъ гьанже. Гьел ургъалида ратила,- ян гьесул къвалакьан йорч1ине х1ал бихьи гьабуна Халидаца.
-Ратуларо, нилъ г1исин лъимал гурелъул…
-Мухтар, - ан сородана гьелъул гьаракъ – щиб дуе къвариг1ун бугеб? Те дун, вилъа рокъове.
-Х1инкъуге, хирияй, йилъа дунгун Саратовалде…
-Йилъинаро. Дие росасе ине бокьун гьеч1о. Гьадиг1ан талих1 къарай йижизего йижарай – ян щакърахун машиналъухъе йилъана нахъойги рак1 бекун Мухтарги тун.
Халидаца галаби ранго рук1инч1о, зах1мат бук1ана лъамалъараб салиялда йилъине, дун г1адал талих1 къадал пляжалде ани – гьениб ц1ад балаян жиндаго к1ал гьикъулаго къварилъанхъилей лъаларого, семилей лъаларого кутак балеб ц1адукъ бихьизего бихьулареб машинаялъухъ ялагьун гочулей г1адан хадув г1унт1арав Мухтарица жиндирго каранде къана гьей ва г1азабалда абуна:
-Йилъа дунгун цадахъ. Дица гьарула дуда.. Йокьула дие мун…г1инт1аме дихъ, гьарула… - ян щурулаго т1ат1алаго гьурмада убаби гьаруна…
-Йиччай! Те дун! – ан гьесул кверзукьа йорч1изеян къеркьана ч1ич1идилаго Халида.
Цо кидаго гуреб йиххи-х1инкъи т1ибит1ана гьелъул къаркъалаялда.
Амма Мухтарица цо лазаталда ричун машиналде т1аде рехана гьелъул купальникал ва г1инкълъарав киниги ч1ич1идилей яс лъамалъараб салиялда егизаюна…
…Чвахун балеб ц1адукъ саламатго замана бана гьез герегахъдилаго, Халидал заг1ипабго данде ч1ей лъуг1изег1ан.
Лъавуде вач1ингун гьесда Халида, хъарщи киниги, ц1убан т1ийит1ун ятана, цо-к1иго нухалъ «йигьинайизе» х1алги бихьун машиналъуве коньякалда хадув вортана. Х1алихъего цабиги рагьизарун ахир-къадги дагьабго жо г1уркъизабун бажарана гьесухъа. Жиндагоги лъалароан кинабго караб куц, дагь-дагь кун лъавуде вач1ингун гьабун таралдаса расал эхетун рач1анин кана гьесда…Ц1адг1аги ч1олебани…ц1ад. Сверун лъимги бак1арун лъел х1орилъ егун йигей Халидада бер кана гьесул ва ц1оролин х1инкъун хапун машиналъуе йосана. Санаг1аталда нахъисеб сидениялда песокалдасаги яц1ун егизаюна ва щиб гьабилебали лъаларого къан кун бет1ергун машиналдаги вач1ун балеб ц1адукъ г1одов ч1ана.
…Заманалдаса к1анц1ун т1адеги вахъун хут1араб коньякалъул шиша чвахулаго мегьед-кереналдасагун ч1ехьана жинцагоги. Гьанже гьабилеб щиб?  Халида шурулей йихьигун г1едег1ана  гьелъухъе. Гьей хварай киниги х1ат1ул кьергун додинго егун йигоан.Йохъ, цебе т1амураб къаг1ида. Гьурмада ч1варал кверал  ц1оро-гъорон  хъах1лъун ругоан.
-Халида! Щибниги абе.  Юц1ун ч1оге, - ян кверал нахъе рич1изаруна гьелъул гьурмадаса ва бихьаралдаса хаган хут1ана: кваранаб рахъалдаса хъат ч1вазег1анасеб бак1алда расал  г1азухъалъун ругоан ясалъул.
Г1иссинккун соролеб квер чанго нухалъ хъах1ал расаздаса бахъана.
-Халида. Т1ассалъугьа дидаса. Гьарула. – ян гьардана ясалда Мухтар.
Жинцаго гьабураб г1ассилъи щибаб минуталдаса г1орхъи гьеч1еб бук1ин бич1ана гьесда:
-Халидка…т1ассалъугьа дидаса, хирияй. Унго  дир г1ассилъи. Дие йокьула мун. Дие бокьун бук1инч1о гьедин гьабизе…бокьун бук1инч1о.  Божа дида.
Чвахунц1ад г1одоб цана ва г1иссинкун щенезе жубана. Къват1иб бец1лъулеб бук1ана. Нек1ого ич1го т1убан батила. Унгоги гьабилеб щиб?! Дагьа-макъайго  йигьа-йижарай Халидада раг1и абизе бажарулеблъи якъинлъигун Мухтар берцинго эс гьабич1ого рулалда  нахъа г1одов ч1ана. Бакана машина… Щаялиго рак1 рокъобе ц1ана. Рокъоре руссине кола, гьанжег1аги, цинги эбелалъ т1убала кинабго.  Щиб элъ т1убалеб? Щиб? Эбелалда кидаго дирго зах1малъаби раччизарун т1уваларогури дун. Щибха гьабун лъик1? Халида к1алъазегурин х1инкъана Мухтар  циндаго… Аллагь, щиб дица гьанже гьабилеб? Кин гьелъул бадив валагьилев?
Салудалъги жем-жемун машина трассаялда бахъинабуна гьес ва танхъинабун нахъехун вуссана. Халида ц1а-ц1ан ч1орогоял бералгун егахъего йигоан.
-Халида, мун…кин йигей? – ян къулч1улаго х1ац1огун х1алихъего шурана гьес.
-Ч1езабе, - ан рак1 багъарун къват1ий гьулчун яч1иней йигоан гьей.
Т1оцебе бук1араб шокалъул х1ал ана пуланалъул цо талих1алъ.
Мухтар машинаги свинабун, рагьун нуц1агун гьелъие кумекалъе г1едег1ана.
Цодагьаб бигьалъи бач1ингун гьесул надалда ч1вараб квер нахъе гьабуна Халидаца:
         -Хъваге, те дун, - ан сородана гьелъул гьаракъ, - мунго а гьаниса, дун йилъунаро.
-Гьанжеги йиччани мун унтула. Гьарула, г1инт1аме дихъ.  Дихъа г1асияб х1алт1и кана…Бегьулеб батани, г1инт1аме. Дидаго лъаларо кин карабали. Гьедин кана, Халида. Т1ассалъугьа бегьулеб батани.
Гьанже аб-добан гьасул хабаралъухъги г1инт1амизе карай дунан цим бахъине бач1ана:
-Дида рихун вуго мун! Кин дуда гьеб бич1улареб. Гьаб инжитлъиги г1ела дуе, - рак1 бекун г1одулаго асфальталда накабазда кана гьей.
Цебе т1амун бач1ана цо кидалиго нухда машинаялъ ч1инт1ун рехараб катил т1инч1, гьит1инабго катил т1инч1- лъалаго Халидал гьумер тамахлъун, недегьлъун ана доб хвараб т1инч1алда бахилъулаго - дун анищ доб къоялъ додин ч1инт1изе.
-Субботаялъ бертин гьабила, щибниги лъиданиги лъаларо. Кинабго к1ияздаго гьоркъоб хут1ила…Дие йокъула мун.
-К1ал данде баче. А гьаниса!  Киданиги. Бич1улареб щай. Бихьинчи гуро мун гьаб киналдасаго хадуб. Капкил багьа гьеч1о дур гьеб чорокаб рокъиялъул. Бихьинчияс йокьулей яс, гъачагъас г1адин х1алалъ х1акъирги гьаюн гуро мук1ур гьаюлей.
Абурал раг1абаздаса гьей г1ажаиблъана, саламалъи бицунелъул. Дун ятиларо гьай к1алъалей г1адан.
-Г1ела, Халида. Гьеб х1алалда йигей мун дица киениги йичаларо, - ян янги абун, х1ули киниги. кодоеги йосун машиналъуе ячана Мухтарица гьей, цощинай тохаб жоялде ургъизе гуриланги х1инкъун.
Заманалъ жаниб кун бук1араб рек1елбух1и синкъиялда г1одун къват1иб т1атинабулеб бук1ана Халидаца. Раг1аби
Мухтар абизе жо лъаларого машина шагьаралдехун хъамулев вук1ана.
Шагьаралда щолаго гьесул кверги тункун Халидаца цодагьалъ машина ч1езабуна:
-Мухтар, ячунге дун рокъое, гьез ч1вала дун…щиб гьумергун дур эбел-инсуда цее эхетилей. Йич1а, гьарула…Г1асилъиго щиб дур!!!
Мухтарица жиндир-т1алаб агъаз гьабилин рак1алдаго колеб бук1инч1о Халидада. Отпускалде вач1арав г1адамасе дир ургъалаби къвариг1ун  киса! Клара-бажул ва Мух1амад-ацил лъик1лъи маг1азухъа бач1инабуна дида К1удияс. Дирго хъизамалда «турулей» йик1инч1ого гаргадизарун г1адамалгун, яцалгун…гьанже босе. Кинабго рехун тун ц1ализе лъугьине г1амал гьабила…якъуца хвеларей ятила. Гьадинги рокъоб г1умро гьабиялдаса ун бук1ана. Г1одулаго жиндииего рак1-мак1 гьабуна Халидаца.
Мухтарица х1еренго жиндихунго ц1ан къвалакъе ячана:
-Халида, лъицаниги раг1и абизе гьеч1о дуда. К1иго къойидаса бертинги гьабун, дица мун Саратовалде ячина дидаго цадахъ. Дие йокъула мун. Гьарула, божа цодагьайниги. Киданиги рак1алда бук1инч1о гьадин келилан…дун г1айибав вуго…Гьедула дуе, киданиги гьединаб пикру бук1инч1о дир бот1ролъ. Аллагьасда лъала щиб карабали.
- Дун мунгун йилъунаро, дие рос къвариг1ун гьеч1о, Мухтар, ялъаргъуге. Аллагьасул ц1аралдасан гьарулеб бугин, те дун, жакъа нилъеда гьоркъоб    карабги  дицаго х1ехьела. Карабги дицаго бачила…- ян гьесул каранда маг1ил ц1ураб гьумер бахчана Халидаца, - щибго абуге рокъосезда.
Мухтарица гьелъул бет1ер каранда къана:
-Щай дуе гьедиг1ан ц1акъ дие яч1ине бокъун гьеч1еб? Дида рак1 рекъеч1огонищ, яги…щиб г1илла!
-Дун жеги гьит1инго йиго. Ц1ализе те. Цинги кинабго т1убалаан, лъиданиги кеч1ого. Дун свакан йигей куц. Мун Аидае вокьула, гьей яче Мухтар. Нуж ц1акъ рекъон рук1инаан цоцазда.
-Дир гьит1ин, - ан Мухтарица ях1 гьабизе к1веч1ого гьелъул к1ут1бузда баана, - дие мун йокьула. Цо ч1ужу г1ела дие – мун.
-Киданиги!
-Халида, мун ц1одорай яс йиго. Дидаса хадуй мун кин росасе ине йигей? Нилъер г1адатал дидаса лъик1 лъалел ратилин дуда…
-Дур г1асилъи! Дуца ургъунго махсароде куна дун…инч1ого йик1ина. Учительницалъун х1алт1ани г1ададе хвеларей ятила.- ян ц1и гьабун чвахун ана гьелъул бадиса маг1у.
-Г1одуге…Дун мекъи вуго. Т1ассалъугьа…Гьадинги йохарал къваби дагьал ругин дур. Киналъулго ургъел гьабизе дица те, анц1ила анлъилъ гьел хъах1ал расалги г1елин…
-Кир ругел – ан мат1у сверизабуна гьелъ ва рихьигун ч1варкьун бералгун жиндирго бот1рохъ ялагьун хут1ана.- Мухтар! Гьал киса!? Дица ч1вала мун. Нуц1а рагье! Дун…дие…йиччай!
Бач1араб гьалаглъи г1одоб къазабун бахъинег1ан каранде къан ч1езаюна т1ури бач1арай яс гьес.
-Дица милициялда лъазабила…
-Кинабго лъик1 бук1ине буго…Милициялъ щибниги гьабизе жо гьеч1о, паспорталда рекъон мун анц1го къониги буго дир ч1ужу йигелдаса.
-Паспорт? – ан бич1улеб бук1инч1о раг1араб Халидада.
-Гьелда нилъер загсалъул  тастикъ гьабулеб мугьро ч1ван буго. Халида, г1ела цоцае г1азаб гьабураб. Дида лъала щиб гьабулеб бугебали. Нагагь лъимаде яхъани…
Жиндаго лъач1ого, нахъеги биччан хъат бана гьелъ Мухтарил гьурмалъ:
-Магъакь! Хъубаб чудук! Гьедула, дица киналъухъго бец1ила дуе. Вацазда лъани дунги ч1вала, амма дудаги квер лъухьун телеро, - цидаца гъанкъулей йик1ана гьей Мухтарил нахъ г1унт1и бич1игун. – Киназдаго бице! Ах1мадил къват1укьа яс гурищ…суризае, дун цох1о г1азабалъе йижарай йигеб къаг1ида. Суризае киназдаго…гьел дурго кверазе г1адло гьабе! Х1ал бук1иналъе г1оло ричан толел жал рук1унарин гьел…
-Киг1анха дуда дун къабих1 вихьулев вугев.. Гьедула киданиги мун инжит гьайизени киса гурин бертан гьабизег1ан дуду баизиецин пикро бук1инч1о дир!. Йокьула дие мун! Йокьула! – ян ах1дон вахъун кана Мухтарги.- Щай дуда гьеб бич1улареб? Г1умроялда цох1о ц1али тун чанги бат1и-бат1иял ишал рук1уна г1адамазул. Гьанже щиб, дуе меседил медаль щун бугин абун росасе инч1ого йик1инехъинищ йигей? Яги принц вач1иниланищ? Нагагь вач1инч1они, киназего г1урал принцал рук1унарелъул, ялъуни медаль бугезе щолел жал эл гурелъул… Т1ассалъугьа, дудасаги гьит1инлъана гьанже дун. Г1адахъ босуге…Кин дуда бич1улареб гьанже мун алагьасда ва г1адамазда цее дир ч1ужулъун йик1и. Г1айиб буго. Гъалат1 бит1изабила.
-Рачинег1ан киназго абула гьедин… - янги абун сих1къот1ана гьелъул. Щиб лъалев гьев вит1арав ватизе бегьулагури. Дида лъалеб жо щиб бугеб…Гьанжего вокьулев ватани? Замана бекерараб х1исаб буго циндаго г1умродулъ. …Халида т1оцеве Мухтар вихьулев киниги гьесухъ ялагьун хут1ана. Дица гьав г1адинал г1олилазул эсцин гьабулароангури, г1адада щибизеян хьулал абун. Унгоги эдинищха хъван бук1араб дие. Г1ажаиблъи…гьале рак1алдаго гьеч1ого росасе ине колила…дунги бат1ияй лъугьарай г1адат, унго гьале лъуг1ана дир бищун т1егьалей г1уж т1егьач1ого, гьале щивг1аги берцинго лъаларев ч1ух1арав Мухтарица кверщел гьабулеб дир г1умроялда. Мухтарица  жиндир бадир бералги къан пикраби ц1аларал киниги х1алимго расазда квер лъухьана: кинабго лъик1 бук1ине буго, раг1и кьолаян абулеб бук1ана гьесул бераз…Божизе кола цоцада. Вай, чияр г1адангун г1умро т1амизе гьадиг1ан хехго…нагагь данде кеч1они? Дун мустах1икъай ятич1они – бигьаяб х1алт1и батиларо рос-рукъ, гьеб гуребги г1адамаз щибиндаян абилеб.
-Унго Халида?
-Агь?
-Дуда гьедин цебе лъицаниги абун бук1арабищ?
-Бицинаро
-Дир гьит1ин, мун г1емеразе йокьулей ятила, уйищ?
-Мухтар, дуе чан сон бугеб?
-А. Къоло ункъо.
-Халида. Щайха дуца рек1елав вугин абич1еб?
-Гьеб дида жакъалъизег1ан дуца гурони  ц1ехолев чи вук1инч1о… Мухтар…
-Щиб?
-Гьеч1о. Дур ц1ар абулей йик1ана.
-Дие йокьула мун, - ян ях1 гьабич1ого, бер жиндирго квераздаги щвезабун, Халидал кверазе г1адлу гьабеян бадиб 1вай рак1алдеги щун, гьимулаго къвал жемун каранде къана гьадин г1агарлъараб анищ.
Халидал берал нахъойги маг1ил ц1уна.
-Кинабго лъик1 бук1ине буго, т1ассалъугьа къвариг1ел гьеч1еб х1алт1и кана, т1ассалъугьа, дур рак1 бекизабизе т1ок1алъ киданиги к1веларо дида. Божа.
-Мухтар…
-Щибго ургъел коге, дица т1убала…
-Дир эбел-эмен мискинал г1адамал руго…
-Халида! Дие гьездаса щибго къвариг1ун гьеч1о, г1умроялъ налъулав вук1ина мун гьаюралъухъ.
-Г1адамаз щибин абилеб.
-Мун рази йигищ дир ч1ужулъун йик1ине?
-Гьанже гьеб суал ялъаргъи г1адаб жо буго. Паспорталда, аллагьасдаги цее ч1ужулъун йигин гурищ мун вук1арав?
-Субботаялда бертин гьабизе рази йигищ?
-Г1елаха, Мухтар.
-Халида, рач1а цодагьал саламатал г1адамал г1адин к1алъазе. Дие т1ад вуссине абизисел  къоял хут1ун руго. Эбелалда нек1ого абун бук1ана мунгун к1алъаян – пайда щиб, дуцаго абеян т1ирун ч1ана. Анив вач1ингун мун ятич1о, хадуб - экзаменал…кинго санаг1ат  колеб бук1инч1о, гьеб гуребги  духъ балагьун щибниги дилъ ц1айи бихьулеб бук1инч1о, зама-заманалъ рак1алда колаан к1алъанго пайда гьеч1илан. Жакъа эбелалъ лъазабуна замана инеб  бугин к1алъан вихьеян. Гьелъ г1адам чи гьеч1еб бак1ин абун ячун йик1ана, квал-квал келаредухъ…гьарула мекъи  бич1угеян. Щибниги каралда релъараб жо рак1алда цин бук1инч1о, божа, гьанже бицун пайда щиб – ахир т1оцебе каралдаса хадуб.
Нух бакьулъ машинаги ч1езабун рогьинег1ан хабар-к1алалда хут1ана гьел, цоцада абизе колеб дагьа-макъаб бук1инищха…

* **
Саг1ат анц1ила цо т1убайгун т1ок1аб институталда гьабизе жо гьеч1илан Халида г1одое йилъана: мат1уялда цебе расалги рит1а-ришизарун гьей мух1канго жиндирго рат1лихъ ялагьана – лага-черх рекъарай гьайбатай г1олилай; к1иго зажималъ рак1арун нахъехун гьарун риччан тарал канч1т1огьилаб кьералъул расал…г1урччин карал берал… школалда ва институталда чангиял х1айранлъун хадур ралагьулаан гьелда…
Халида бигьагьаюн вестибюлалдаса къват1ие йилъана. Ну1а рагьун къват1ибегалибалаго бихьана гьелда киг1ан  мух1канго Вадимиа къват1ир лъугьунезул х1исаб гьабулеб бугебали… г1одоб биараб 1ералдаса  Халидада бер 1вайгун Вадим к1арчамго гьимана гьей йихьидал:
-Зах1мат буго божизе…
-Дие щуйилаб щваралдайищ? – ан жиндирго гьайбатаб гьимигун гьимана данде  Халидаги цодагьай машиналъуе жаний къулулалго.
-О! – ян абулаго къват1ив вахъана  гьев, - дун г1адада ч1ун вук1ун гьеч1о. Баркула. Баизе бегьилищ?
-М-м – ан нодо бук1инабуна Халидаца, - эбелалда ц1ехеч1ого уян абизе къуват г1оларо.
-Унго, - ян гьимулаго тамахго карандеги къан к1ут1бузда баана гьелъул Вадимица.
-Огь, - ан тункун аск1оса рик1ад гьавуна гьелъ г1олилав, - цин къиматги абун цинги бицине келаха дир тохлъиялъул… - анги абун нух къот1ун ине жуяна Халида.
-Халида, г1едег1уге! Телефон!
-Рак1алда гьеч1о, - ян нахъехун цин юссинч1о гьей.
-Кида рихьилел?…бокьани щвезайила,- ян хадуб ах1ана жаваб бук1унареблъи бич1аниги Вадимица.
Халида чадил тукаджеги ун, общежитиялда юссана. Гулялги гьелъулги г1ан мискинаб рукъ бук1ун батиларо гьениб. Гъоркь рук1арал обоял хисизе кинго стипендиялдаса т1ок1лъизабун   бажарулеб бук1инч1о гьезухъа. Чадиде данде х1анч1изе жо гьеч1одаян якана шкафалъуй, щибниги батич1о рет1елги хисун кваналаго буханкагун кроваталда яхана…
Нахъисеб къоялъ саг1ат анц1гоялда Гуля яч1араб мехалъ Халида жеги бусадаго йик1ана.
-О! Талих1ай, жеги кьижун йиго. Кваназе хиял гьеч1иш? – ан кроваталда т1ад шапана гьей,- гьанже кьижила г1орц1изег1ан.
-Рокъоса хабар  щиб бугеб? Эмен анищ? - ан одеялолда гъоркьан бет1ер бакинабуна  цо таг1амаб мах1ги сунт1улаго.
-Агь, гьеч1о бат1ияб жо, - ян пальто бахъизе т1аде яхъана Гуля,- бажуца дуе бакьги хинк1алги рит1ана, бусадаго кьелищ?
-Талих1 бук1унеб жо буго, Гуля. Дун гьабсаг1ат,- ан к1анц1ун т1аде яхъана Халида.- Гьадинаб кванил х1урмат гьабизе кола. Барка кофта, гьелъул гьайбатлъиго щиб?
-Эбелалъ бит1ун бач1ана,- ян лъалаго йохана Гуля гьудулалъ кофта бецигун.- К1иазарго гъурущ г1арацги буго. Ракъуца хвеялъул ургъел гьеч1о гьанже нилъее, цох1о сессия кьун бахъинаби гурони.
-Хадусеб экзамен, талих1алъ,  бищун бигьаяб буго, - ян столалда нахъа г1одой йик1ун кваназе жуяна Халида, -  Гьава-бакъ кин бугеб?
-Цодагьаб кьерхунеб бугин кола. Кинго хадуй г1унт1уларо щиб рет1инабали, -  ян бусалъе лъугьана гьей.
Кванан яхъарай Халидада гьей кьижун ятана. Бигьа гьабун посудаги бак1арун гьари-рахьи т1аг1амлъиялъухъ Гулял бажудеги гьабун, т1ехьги босун бусаде яхана Халидаги. Саг1аталдаса т1ехьалда бет1ерги ч1ван гъапулъун кана гьейги
…Марк1ач1ул г1ужалъ нуц1ида к1ут1улеб гьаракьалъ к1иялго цадахъго рорч1ун рач1ана ясал.
-Щив? – ан ах1ана Гуляца, къойица кьижун хут1иялда г1ажаиблъи гьабулаго.
-Дун вуго, - ян бахъана Рафикил гьаракь, - Халида йигищ?
-Гьабсаг1ат, - ан ах1ун гьанир-доре реч1ун бусабиги рак1арун, расал рит1а-ришизаруна гьез ва нуц1а рагьана.
-Лъик1аб сордо, - ян макьица понц1орол ясазул бадив валагьун гьимана Рафик, - къойица кьижун рук1ун ратила?
-Хехго ун буго замана. Жанив лъугьа,- ян къват1ий т1ерхьун уней Гуля  ч1езайизеян лъугьана Халида, амма пайда щиб, Халидахъе чи рач1ингун гьей рокъоса квал-вал гьабиларин цадахъ ц1алулезухъе т1аг1унаан.
-Гуля! Цо минуталъ ч1а, - ян Рафикида г1одов ч1езе бак1ги бихьизабун гьей киениги т1ерхьинег1ан хадуй г1едег1ана Халида, - Нилъ кафеялда ах1улел руго. Рекъон гьеч1о инкар гьабизе. Мун йилъанани дунги инаан.
-Лъик1. Х1амамалда ине лъик1ан. Дуца пакет къват1ибе босе.
-Агьа,- ян жание йилъана Халида, -Раф, цо  къого минут ях1 гьабизе   бажариларищ? Ниж гьабсаг1ат рач1ина.
-Г1едег1уге. Къват1иб бугеб ц1орой, г1азу бач1они…Гьедин батани дун гъоркье ина. Лъуг1аралго рач1а, - ян  т1аде вахъана гьев,- Дуе сайигъат буго жакъаси.
-Унго?
-Дие мун къаси дир гьудулгун лъай-хъвай гьабизе бокьун йиго. Инкар бук1инищ?
-Лъ-лъаларо. Берцинав вугищ, - ан елъана махсаро гьабун Халида. – цо бащадаб саг1аталъ ч1езе келаха.
-Хехлъи гьабе, лъазе бокьун батани. Хирияв аллагь! Бащадаб г1умро ручабазухъ ралагьун унеб батула бихьиназул! - ан  кеп щун велъулаго инеян  нуц1а рагьана Рафикица. – Лъеберго минуталдаса вач1ина.
-Бахилъула дур ч1ужуялда. Гьарзалъи – цогидас саг1аталда валагьун бук1инабун нодогун «анц1го минут» ан абилаан.
Скоросталда лъурал роботал киниги чвердезеги чвердон жиндирго рет1ел-кумалъул бугеб мискинлъиги цебе бахъун къач1адизе журана к1иялго. Иргадал феналъ расалги ракъвазарун бугес бугеб рет1ана. Гуляца – ц1ияб «ангорка» свитер ва ч1ег1ераб юбка. Халидаца – хъах1аб кофтаялдаса ч1ег1ерал костюм-т1ажу.
Абухъего т1аде щвана Рафик:
-О! Цоялдаса цояй къач1арай. Мурадил бер бихич1они. – ян иргадал ясазухъ валагьана гьимулаго гьев.
-Раф! Дуца кидаго к1одо  гьабула,– ян нечана Гуля.
-Гуля!
-Халидка, унгоги дур берцинлъи, - ян абич1ого ях1 гьабун бажарич1о Гуляда, гьелда жах1далъиян кезе гурин х1инкъун йик1аниги.
-Духъего ялагьизе к1очон тола дуда кидаго, - ян мат1уялда цее     эхетизаюна Халидаца гьудул, ва чанго нухалъ гьелъул к1аркьада баана елъулаго, - рилъун лъик1.
Ясал рихьигун Рафикица Мурадида тункана:
-Бащадаб саг1ат г1емераб гьеч1о, валагье рач1инел ругел ясазухъ. Цоялдаса цояй к1очон тарай.
Раф ясазде данде г1едег1ана, къват1ив вахъиналде цебе Халидада т1асса нахъе росич1ого бералги лъун вугев Мурадил к1игъажалда чаналиго нухалъ кверги к1ут1ун.
-Нужер гьайбалъиго щиб къаси, - ян кверал рикь-ракьана гьес ясазе машиналъул нуц1а рагьулаго. – Мурад, цох1о къват1иве вакка. Мекъи кеч1они - дир ахирисеб маххул гъурущ дур бук1ина,- махсаро гьабуна гьес.
-Лъик1аб сордо, - къват1ив вахъун вач1уна саламатав, маг1наялда рет1а-къарав г1олилав.
-Кинайха йищилей?
Киг1анго меседил расазул ясин абизе бокьаниги Мурадица Гуля йихьизаюна.
-Огь, дирго гъурущ диего хут1ана, - ян велъулаго Рафикица цебесеб сидениялда г1одое ч1езаюна Гуля.
-Нилъ, Халида, автобусалда рилъина, - ян махсароги гьабун елъанхъулей Халида, кверги ккун нахъисеб сидениялда г1одой ч1езаюна гьес, - гьудулзаби, г1айиб гьабуге – лъай-хъвай гьабе, дир гьудул Мурад, художник, дуда аск1ой йигей принцесса – Гуля, а автобусалда ругел к1игоязул цояй - Халида, дун нужеда лъалаха.
-Дун талих1ав вуго нужергун лъай-хъвай кеялдаса, - ян Гуляеги гьимун цодагьав халаткун нахъехун вуссун Халидахъ валагьана Мурад.
-А, гьале к1улал, - ан Рафикица цо горалда ххарал к1улал кьуна гьесухъе, Халида Мурадил балаялда гъоркь санаг1ат гьеч1ого  лъугьунейлъиги  бихьулаго.
-Кире рилъинел? – анги 1ехолаго   Мурадица магнитафон биччана, ва тамахго  нухлул терелги босун общежитиялъул азбаралъуса къват1ибе бачана жиндирго  ч1ег1ераб «девятка».
-Кафеялде, гурищ ясал? - ан ц1ехана Рафикица ва  нухда Халида мук1ур гьаюна цодагьаб лъелго рилъине, Гуляги Мурадги цереги риччан.
          -Гуля,художникал раг1уе  барахщарал рук1унин, гьеб х1алт1и дуцаго т1убайзабе. Ниж цодагьалъ ц1ияб гьаваялде инел ругин.
-Дунги йилъина, - ян жуяна Гуля.
-Ниж щуго минуталдаса щвела, гьабак1алдаго бугеб кафе…
Вуц1ух1ун ч1ун Мурадица машина танхъинабуна.
-Ниж гьабсаг1ат, - ан квер гьабуна рах1ат хварай Гуляе, - Мурадил т1алаб гьабе. Гьединал художникал къват1азда рук1унарин.
-«Бригалде» рач1аха, - ян Халидае гьимана Мурад, - кват1уге.
Машина цебеса инег1ан ч1ун рук1арал киниги Халидаги  Рафикги цадахъ к1алъана. Цинги адахъ нечон г1енекун хут1ана.
-Раф, - ан халалъулеб  сих1къот1и бихана Халидаца, - бич1ич1о дур сюрпризазул маг1на… Караб жо бугищ, мун хисулев вугин беразда цеве?
-Дур щибго рах1ат хоге. Мурад…Дида кин абилебали лъаларо…Мурадие бокьун буго мунгун гьудуллъи квезе…Гьесда мун институтулде вацасухъе вач1аравго йихьун йиго ва гьелдаса хадув гьесул дур бицунареб къо цониги гьеч1о…
-Раф, гьелда лъуг1изе те. Дида кинабго бич1ана. Дуда лъала кинабго дир араб г1умро, Раф. Щибизе дуца гьев аск1ов г1агар гьавулев? Щибизе?
-Г1иял т1омалда т1асса г1ет1 г1адин ват1алъуларев чи вуго гьев. Дуда колев ватила дун къаси талих1ав вугиниланищ гьединав ц1ар арав художникасулгун дур лъай-хъвай гьабиялдаса…
-Цинги.
-Цинги щибха бук1инеб…Халида, гьарула къасиго нахъе ч1вае гьев… духъа бажарула абизе колел раг1аби абун. Бич1улищ? Лъала дир рахъалдаса къадарлъи бук1ин гьедин гьудуласда нахъаса аби…К1варич1о, мун сундасаго хирияй йиго дие…
-Вай, Раф, дур бук1унебщинаб гвала-рахас.
Бигьагьабун рилъунаго гьел кафеялда цере щвана. Тохлъукъего Халидал бер к1ут1ана «Бригадалда» парахат ч1араб «Lexuc» машинаялда. Релъараб батилилан тана. Т1ок1аб гьединаб ч1ух1араб шагьаралдаго батилилан щаклъи бук1аниги.
-Берцинаб машина буго, – ян гьимана Халидал бадиве валагьулаго Рафик.
Унгоги гьесда нижер к1алъай бихьараб къаг1ида доб къоялъ       институталда цебе. Г1елаха Раф!
Халидаца жаваб гьабич1о. Жанир ричаралъухъ кколеб мухьги кьун залалде лъугьана гьал. Гьениб т1ад бан бугоан  аваданлъи, макъан… Мурад ва  Гуля бугеб стол х1алалъ балагьун гьезухъехун кьурдулезда гьоркьосан нух гьабуна к1иязго. Гьел кофе гьекъолел хабар-к1алалда  ругоан.
-Вай, ц1орон хвана! Нижее гьеч1ебищ кофе? – Гуляда аск1ов г1одов ч1ана Рафик ва Халидае Мурадида аск1об бак1 къват1ибе ц1ана – сих1ирлъи, Гуля т1егьалей йихьула: киг1ан хабар гьуинав г1адан вугевали художник.
-Гьанже хинлъила. Баркала, къаси дунгун йилъаралъухъ. – ан Халидал г1инде къулана Рафик.
-Гьадинги гьабизе жо бук1инч1о. – ян кофе к1алдиб босана гьелъ, - Кьурдизе инкар гьабилароан дица. Мурад унгоги ц1ар арав художникищ? Яги…?
-У. Питералда цодагьаб цебе суратазул выставка бук1ана гьесул, - ан к1алъана Рафик.
-Унго? Баркула, – ян гьайбатаб гьимигун жий яч1аралдаса чашкаялда бералги лъун вугев мадугьаласухъе юссана Халида.
-Абизисеб жо бук1инч1о. Ахирисел дагьалго суратал…Халида, кьурдизе хиял батани, – ян данде валагьун вач1ана гьевги ва ясалъул балай х1екон бажарич1ого нахъойги кофеялъул чашкаялъуве къулана.
-Халида, кьурдизе йилъинарищ? – ан вахъана Рафик.
-Инкар гьабиларо.
-Баркала, – ян берцинго т1адеги вахъун, жиндихъго ялагьун эхетун  йигей ясалъул квер куна ва гьей кьурдизе ячана столиказда гьоркьоса.
Халидал кафеялда ебе машина бихьаралдасаго, х1инкъараб нахъе бот1ролъа баахъун бажарулареб, гъира бук1ана Вадимида бер ч1вазе, гьаналъ бицунеб бук1ана къват1иб бугеб машина гьесул бук1ин. Унгоги къисматалъ цо жо ургъун бук1ин якъин ва баралда цеве эхетун виски гьекъолев Вадимида яч1инахъего бер ч1вана Халидал. Гьале! Вадимги кодоб куральухъго  вискиялъул стакангун валагьун вач1ана Халидахъ. Гьев цодагьавго гьимана, добго пашманаб балайгун. Цо минуталъ хабар ч1езе толарого  гаргадилев вугев Рафикида щаялиго ццим бахъизе бач1ана гьелъул.
Бакъан лъуг1игун гьелдаса бер т1аса босуларого стаканги барменасухъе бегьун, Халида кьурдулелъуве ва1ана Вадим ва :
-Бегьилищ? – ан к1ияздехунго вуссана.
-Гьанир щибасул жиде-жидер  яс рук1уна, – ян Халидада аск1ов вач1арав г1адан киса, гьев жиндир ясалда к1алъайго рек1ее г1еч1о Рафикие.
-Раф, гьеб лъаларелги рук1унелъул г1адамал, - ан х1инкъадго гьесул г1инда шурана Халидаца. Вадимихъе ялагьизе гьелъул къуват г1еч1о.
Рокьукъго бет1ерги к1ибик1изабулаго Рафик  столикал ругел рахъалде ана.
-Баркала. Къвак1арав гьудул вихьула дур…мекъи ватани гьарула т1ассалъугьаян. Жакъа  т1оцебесеб нух чияр яс кьурдизе яхъинаюлей.
-Унго, - ян к1вах1алго абуна Халидаца.
Вадимида раг1улеб батилагури дир рак1 гьалаклъун к1ет1елеб бугеб куц.
-Къаси мун бет1ер свериледухъ берцин йиго. Мунгун кьурдизе к1удияб х1урмат батила щибасе.
Вадимгун кьурди жиндир тохлъи гуродаян к1вен-к1вендулей йик1ана гьей.
Мурадида щиб гьабилебалиги лъаларого вугеб мехалъ щив лъаларев г1адамас «кодоса» ячине жинца Халида йичанилан т1обанго рак1 бакъвана Рафикил. Гьеб бихьана г1одоре ричан кофе гьекъолаго цоцада х1ал лъазе теч1ого хабар-к1алалда ругел  Гуляда ва Мурадида.
-Цадахъ чи гьеч1ищ? – ан ц1ехана халаткун к1алъач1ого рекъон гьеч1ин ккун Халидаца.
Кидаго бадив валагьун вук1унев г1адатго щиб гъарин г1адамасул.
-Щибизе? Дун вецизесев кьурдухъан гуро. Къасиниги ясаздаса х1ухь бахъине щвана. Дурго телефоналъул номер бицинарищ дида? – ан  ясалъул мугъалда 1ван бук1араб хинаб хъаталъ одагьаб бак1лъун ба1ун, тамахго жиндирго каранда узаюна, гьесдаса 1валеб   ругьунлъун колеб бугеб мах1илъ асир гьаюн щваталда   макъаналда рекъон к1вах1алго галаби росулей йигей Халида.
-Эбелалъул изну гьеч1ого к1оларо, - ян махсаро гьабулаго гьеб Вадимида рекъон гьеч1еблъи бич1ун, баг1арлъун яхъана Халида ва цо секундалъг1аги бер т1аса босеян жанисанго гьардана.
Т1ок1аб Вадимица раг1и абич1о, цодагьайго гьес жий каранде къанин ккана  гьелда. Унго бугеб лъик1 Вадимгун кьурдизе, къаркъалаялдаго цо кинабилиго щвалде щвей, парахалъи т1ибит1ун ана. Саламатав  бихьинчигун рекъон йик1унелъулха унго-унгояй ч1ужуг1адан. Къаси гьел къанаг1атаб пара бук1ана кафеялда…Лъач1ого лъуг1ана бакъан… Х1атта, кивго гъалбац1 ватила Вадим. Рилъин-хъваялдасаго лъаларищха …
-Баркала. Т1ок1ав аск1ов вач1ине къуват г1еларо, - ян гьимулаго столикалъухъе щвезаюна ва Халидаца цоцал лъай-хъвай гьабизег1анго ч1еч1ого  кьурун вуссун ана.
Вадим барменасухъ г1араги лъун, ахираб нухалъ Халидал столикалъухъ берги рехун, кафеялдаса къват1иве г1едег1ана. Унгоги,  къаси  бищун шагьаралда  1ар араб кафеялда Халида йихьилин кидаго келароан гьесда.  Студентал гьенир хьвадулин абуралда щаклъи, дов огидав аск1ов вук1арав  жинс-мухъ беринав г1олилав щивдай? …гьит1инаб шагьар, рихьилин жеги оада. К1арамго гьимун гьанжесалги биин1о телефоналъул номер…
Т1упун лъураб нак1к1 киниги живго цох1о Рафик вугоан гьенив г1одов ч1ун, цодагьаб гьекъолеб  жоги гьекъараб къаг1ида. Ва! Гьанже гьасда к1алъанго пайда гьеч1о… къулараб бет1ер цин борхулеб гье1ин, дида рак1 хвараб къаг1ида… Ва эхетахъего йигей Халидаде вуссун абуна:
-Халида, бегьулеб батани, йилъа дунгун кьурдизе.
Гуляеги гьимун, гьабилеб щибилан абулеб киниги, Халида Мурадида хаду-хадуй йилъана. Кьурдиго лъик1ин Рафикил ч1амуч1лъиялдасаян.
-Баркала, Халида.- ян гьимулаго  ясалъул мугъалда кверал ч1вана Мурадица.
         Рек1елъ восулев г1олилав вихьула Мурадан кана гьелда рак1алда. Тамахго кьурдиялдаги  цадахъ ячуней йигей куц – бихьинчияс ч1ужуг1адан киниги.
          - Халида, бегьилищ цодагьаб дулъгун гъваридго лъай-хъвай гьабизе?
-Щуго минуталда жаниб? – ан к1арчамго гьимана гьей жавабалъул бак1алда.
-Дир хьул буго гьаб нилъер къасисеб  данделъи ахирисеб батунгут1иялда, Халида.
-Дида я уян я гуроян абизе к1оларо.
–Халида, метер кемпингалда рилъани?
-О! Бач1инахъего ц1акъго г1емераб жо гьарани цодагьабцин щвезе зах1мат бук1унин йик1унаан дир к1одоэбел.
-Мун дир цебегосеяй анищ йиго. Сурат бахъизе кани рек1елъ рек1он жаниб канлъи къвариг1уна. Божиларо мун, амма цебего свараб гьеб, къаси кенч1елеб буго дилъ.
-Бич1ула. Дир сессия буго. Къасиги Рафикие г1оло яч1ана. Г1айиб гьабуге, - янги абун гьелъ кверал г1одоре ричана ва жинда г1айиб караб г1адин гьесда цее эхетун ч1ана.
-Халида…
Рафикил харбил бигьалъи: дуда лъаларищдила  инкар гьабизе…
-Мурад, бегьулеб батани йит1ун йи11а:  дурги дирги гьудуллъи, гьоркъоблъи бук1ине   рес къот1араб х1алт1и бугин кола. Гьарула, г1айиб гьабуге, дун росасул 1ужу йиго…
-Халида, г1едег1уге ахирисеб т1анк1 лъезе! Г1айиб гурищ дир 1акъ къанаг1ат буго Мах1ахъалаялда вук1ине замана… Питералдаса Стокгольмалде  вставка гьабизеян проекталда х1алт1улев вуго… о аналиго къоялъ щун вук1ана гьаниве…
-Т1ассалъугьа, Мурад, унго к1оларо, 1али тун бат1ияб жоялде юссине заманаго щоларо дие, - анги абун, эхетахъе Мурадги тун, Халида гьудулзабазда  аск1ое т1ад юссана,г1ащт1и кьабураб жо канагури дир къаси. Гъосда бук1араб г1айибго щиб?
-Хадусев щив? – ан махсаро гьабуна Рафикица бак1ида г1одой ч1олей Халидае.
-Лъаларо, - ян гьесулго г1адин аваданлъи кибе арабали т1аг1ана гьелъул гьурмадасаги.
Цощинаб гьезда гьоркъоб к1алъай кезе гурилан х1инкъун Гуляца Мурад кьурдизе вачун ана.
Рафикил балай х1ехьон бажарич1ого Халидаца гьесул квералда т1ад жиндирабго лъун тамахго ц1ехана:
-Щибниги мекъаб жойищ дица гьабураб?
-Гьадинго… Дие мун йокьула. Гьанже щаклъи гьеч1о, -  ян кьурдулезухъги валагьун шурун абуна гьес.
-Г1ела, Раф, нилъ лъик1ал гьудулзаби руго: гьелъ цо-цо щиб-щибниги рак1алда бач1араб уйилан кколеб буго дуда.
-Щиб дуца бицаниги дида лъаларищха дие мун йокьулеблъи. Дун дуе гьудуласдаса ц1ик1унев гьеч1о.
-Щибха нилъеца гьабилеб? – ан унго-унго рак1 бакъвана гьудуласул пайда гьеч1еб рокьи кеялдаса.
-Воре, цоцада рихьич1ого ч1езе рач1аян абизе гурин.
-Г1айиб гурищ, дуда ругьунлъун йик1ана дун…
-Талих1ги талих1къайги цадахъ бук1уна дунгун. Шагьаралда ругелщинал васаздаса мун кин дица ц1унилей…
-Кинал васал, дуца бицунеб щиб?
-Мурад, ц1ар арав Мурад моц1алъ вук1ана дунгун гелгелев. Щибизеяли бицинищ дудаго? Дица дургун лъай-хъвай гьабизе г1оло.
-Дида къаси мун лъазе к1олев гьеч1о. Дун яч1инег1ан щиб дуца гьекъараб?
-Щибниги гьекъеч1о, - ян талих1го гьимулаго бет1ер к1ибик1ана гьес. – Дун бат1аго талих1ав вуго къаси. Бугеб лъик1 мун йокьизе…Йилъа кьурдизе.
-Вилъаха, - ян гьимулаго т1аде яхъана Халида
-Лъалищ, йилъа каникулазда хъещт1езе «Донбаялде».
-О! – ян жиндаго лъач1ого гьаракь борч1ана Халидахъа.
-Рач1а к1иялго рилъине. Дица путевкабазул т1алаб гьабила.
-Раф, цин экзаменал кьун рахъинарун лъик1. Г1едег1уге, зах1мат буго абизе кин щиб келебали метер къоялда.
-Кин каниги. Дуца сессия кьеч1ого хут1иниланищ? Диралъул цо жо кела. Йилъа Халида, гьарула.
-Раф, г1арац     киса босилеб?
-Дица балагьила.
-Раф, къаси г1емер к1алъалев вугин кола мун, – ан хабар лъуг1араблъи бич1изабуна Халидаца гьесда.
Рафикица гамач1 гурх1илеб г1адаб угьун х1ухьел бичана. Щиб гьабизеян лъугьаниги цого ахир.
Цогидал бигьаяб жо. Гьанже Рафик ч1амуч1лъич1они. Г1айиб гурищ гьедин кеялда. Лъик1аб гьудулъи кунниги бук1инч1****иян кьурдулаго жиндирго пикрабазда йик1ана гьей. Амма Рафикил суалалъ йигьинаюна:
-Мун… мекъи  бич1ч1уге, мун росасдаса ят1алъарай щай? Гьарула жаваб гьабе, Халида.
-Гьадин цо-к1иго раг1идалъун бицун дуда бич1иларин кола.
-Дуе зах1мат батани бицунге. К1варич1о, - ян х1алимго абуна гьес Халидал гьурмал кунч1и сунгун. – Жеги къоял г1езег1ан руго, лъик1ищ, бокьарабго биине те.
-Лъик1.
Гьадин цо-к1иго раг1удалъ бицун дуда  бич1иладай…данде жаваб гьабизе к1олареб чияр рокьи бак1аб гьир бук1унеб батана. Ахираб заманалда Мухтаридаги бич1улеб бук1анин кола жив кинго рек1елъе восулев гьеч1еблъи… абизе ниж рат1алъунги гьеч1елъул, я бусурман я гьадинаб къаг1идаялда. Зама-заманалдаса добаса г1арац превод гьабун бач1уна, дица т1ад  буссинабула. Рет1ел, пихъ…кинабго т1аде буссинабуна к1иго нухалъ, цинги квеш бук1ун батила якьад-вакьад кванил жо бит1ун бач1унареб…Гурх1ула гьезда, дида гьабизе к1олеб жо гьеч1о, рокьи кисаниги бахъун  ч1езабизе к1олеб жо гурелъул… Мухтарица хьул къот1изабулеб гьеч1о дун т1ад юссиналдаса. Каникулазда вач1ун вук1инеги бегьула…
Нахъойги цебе т1ибит1ун бач1ана гьелда Мухтарилгун г1умро. Г1адмасул жиндирго рак1алъул нахърокъоб чангоги балъголъи ц1унулеб батила, гуребани…
* * *
Доб сордоялъ пляжалдаса рокъоре щваралго Мухтарида ва Халидада жеги кьижич1ого ургъалилъ ятана Клара. К1иязулго куц бихьигун абизе раг1и батуларого йиххун лъугьана гьей.
-Ма, кинабго лъик1 буго. Кьижизе а, - ян Халидал гъеж куна  Мухтариа ва эбелалъул суалаздаса х1инкъун, жиндаго хадуй т1асияб этажалде ячана г1едег1ел гьабун.
Щиб Мухтарица бицинаги, киг1ан рак1-мак1 гьабуниги – рокъоре щваралго намуслъиялъ ракьулъ т1ерхьунеб х1исаб бук1ана Халидада: йохъ гьаниса т1уризе кола, гурони гьазул бадие балагьун дида г1умроялъ бажариларо.
Галаби болъодухъа гьез разег1анго Кларал гьаракь бахъана:
-Мухтар!?
-Ма, кьижизе а, гьарула, - ян кьваризабуна Мухтарица гьаракь ва Халида жиндирго рокъое жание лъугьинаюна.
Даран сородизе лъугьана х1инкъиялъ Халида: гьале гьабсаг1ат къват1ие гъела гьелъ дун…
Амма хадуйго рокъое жание лъугьун яч1ана Клара-бажуги.
-Ниж свакан руго, - ян кроваталдаса покрывало нахъе ц1ан рехана Мухтарица.
Цонигиял к1алъазаризе к1оларого йихун кун иргадал лъималазухъ ялагьун хут1ана гьей: хъах1ал расал, рет1ел кунги ч1артал киниги…щиб гьазие бахъараб? Ниж  свакан ругоялъул маг1наго щиб – кидалъиса нахъа Мухтарица «ниж» раг1и абизе жубарав…г1адатищ бугеб яс жиндирго кроваталда егизе т1амизе кани, Сапиятида радал бихьани…
Халида паласалда бералги лъун, ясик1о киниги, сих1къот1ун эхетун ч1ун йик1ана.
-Гьал расал киса? – ян рух1 лъуг1унаго Халидал бот1рода сородилеб квер бегьана гъелъ. – Щиб караб нужее?
Бахъун рехун гурдегун Мухтар  эбелалде  аск1ове вилъана.
-Гьарула дуда, а кьижизе. Халида мунги ега.
Цо щибалиго бич1араб кинги эбел васада  хурхана:
-Мухтар! Щиб караб? Жаваб кье…жаваб кье, - янг сок1-сок1ун ана  циндаго къаркъалаялдаса рух1 бахъараб киниги т1убанго х1алги лъуг1ун ун.
-Ма,- ян ах1улаго хапун эбел кодое ячана  васас. – Ма, дуца х1инкъизаруна ниж, ма…Караб жо гьеч1о. Ах1и-х1ура гьабуге. Гьарула. Субботаялда бертин гьабизе х1адурлъе…дие ч1ужу ячине анищалда гурищ мун йик1арай… Гьанже гьарула, йилъа кьижизе. Цо-к1иго саг1аталъг1аги бер данде инч1ого бегьиларин – рогьун бугин дунял, – ан бицунаго кун кумек гьабулаго эбел рокъоса къват1иехун ячана гьес.
Ахтарай киниги рукъ бакъулъ эхетахъего хут1ун йик1ана Халида. Эбелги жиндирго спальниялде т1ойитун  вач1ана Мухтар:
-Йокьулей, унго дур берцинлъи къаси…
Гарбида гьесул бух1араб квер хъвайгун ток кьабурай г1адан киниги «Клара-бажуян» ах1улаго рокъоса къват1ие екерана Халида.
Гьеб гьаракь раг1улин рак1 ч1ун бук1арай киниги коридоралъуй къват1ий пулан киниги щвана Клараги.
-Дир месед…месед.
-Къасиялъ дур рокъой кьижилищ дун…- ан г1одилаго, гьарулеб киниги, ц1ехана Халидаца.
-Щиб дуе караб жо? Х1инкъуге. Йилълъа, - ян талталдилаго цадахъ ячун Халидагун жиндирго рокъое йилъана Клара.
К1иязулго х1ат1ил гьаракь лъуг1игун Мухтарица цебе батараб бак1 къелъ реч1ч1ун гьениб карщ гьабуна. Цинги, т1ирщун чехьа гъоркье кроваталда вегана къандалъо цабзазги букъулаго.
Клараца Халида жаний щварайго бусенги къач1ан егизаюна ва к1вен-к1вендилаго жийгоги гьелда аск1ой г1одой ч1ана, пакъир сородилей йигей куц, сунца гьей гьедиг1ан х1инкъизаюрай…
-Аллагьасе г1оло юц1ух1ун ч1еч1ого цо-к1иго раг1и абе: щиб караб нужее? кват1арал щай? Цощинал къвариг1ел гьеч1ел г1адамал данде ч1ван ратиларогури нужеда…Бан тараб гьалагаб ц1адги…Бице Халида, т1ет1елеб дир рак1алда г1аги гурх1а, дир яс.
Ц1идасан ккарабги рак1алда щун маг1у бичаларин цаби къерщезаруна гьелъ. Г1ела г1одарай. Бицеян абизе бигьаяб иш. Щиб жо бицинеб?
-Халида, дир месед…К1иго къойида жаниб кинан гьабулеб бертин бук1унеб? Мух1амадица питна буго гьабизе дие гьеб раг1ани. Цох1о вугев васасе  кидаго к1очон толареб бертин гьабич1ого т1убалеб жойищ… Мухтарил  бук1унеб жо буго ургъич1ого раг1и бици. Халида, гьес абураб жо уянгоябищ? Мун унго рази йигищ,  дир яс, гьевгун г1умро гьабизе?
-…Лъаларо. Ц1акъго кват1ун бугин кола дие гьеб суал кьезе. Жакъа пляжалде йит1и нужеда лъалареб жо бук1анин абизе зах1мат буго, - янги абун гьоркъоб къот1изе тана Халидаца г1азабаб к1алъай, цинги, т1аде жубана. – Нужеца абураб дица ц1адае к1анц1еян абуниги щибго нахъе къач1ого гьабилаан… гьадиг1ан хехго дида хъах1ал расал ракизарич1ониги. Мухтар бергьана…
-Дуца бицунеб щиб? Мухтар?!
Гьанжелъизег1ан хъатикъ бахчун кун бук1араб Мухтарил квербац1 Халидаца ц1абуц1арал килщал рагьизарун  Клара-бажуда цебе бортизабуна:
-Цох1о рак1 бух1араб жо буго – дунги дзю-доялъул мастер спорта гьеч1еблъиялда, - ян къог1го гьимана, к1ал-мац1 къот1ун квербац1алъухъ ялагьун йигей Клара-бажудеги юссун Халида.
-Эбелалъул рахь х1арамаб инжитлъи дуе, дуе – нижер рак1 бохиялда т1ад мал ч1езе кани, щиб ц1уял жал камун вук1арав къаг1ида… Вай, дица бицунеб щиб? Т1ассалъугьа, дир яс, бегьулеб батани мун ц1унун бажарун гьеч1о, гьале, сурана мадугьаллъиялда цее… вай т1ад бач1араб къого щиб… киг1ан дида жого эхеб инч1еб, гъов т1ирун ч1ейгун дида рак1алда  щибгог1аги бач1инч1о… унго караб жо…
Я гьелдехун, ялъуни жиндихунго гурх1ел абураб къат1ра бук1инч1о Халидалъ гьабсаг1аталда.
Клара синкъиялда, руабазул къаг1идаялда рак1 бекун, къварилъи маг1уа  урун т1аса инеб киниги, г1ог1одун йиан тана. Г1одилей йик1ана  Халидаги: индаго к1ибекараб т1егьазе рак1алдаго гье1елъуб г1умроялда, ясалъиялъул  талих1 абадиялъ къанин жиндиян…г1одилел рук1ана к1иго 1ужуг1адан о багьаналдаса: ояй каралъул 1илъиялъул бух1иялъ, ояй – жиндирго  бадиса маг1у бакъваларого рогьун сардалго жубаруб ригьиналдаса, инжитлъиялъул бак1лъиялдаса, кидаго киг1ан хадусал бет1ергьанигун талих1аб, ро1араб, г1ор1араб г1умро т1амуниги, рек1ел беки жиндир бадиса т1аг1унеб гье1илан колаан гьелда мат1уялда ялагьунщинахъе. Кларае долдасаго бокьулароан мат1уялъуй балагьизе… гьале нусги къавулъе к1иекун лъугьуней йиго…
  Заманалдаса, къулч1улаго маг1угун, ккараб росасда бицинеян  яхъун йилъана Клара, амма нуц1ихъанго   богорокъое ана – г1уж гуреб мехалда щиб  хабар гьесда бицинеб? Мух1амадица гьебго диеги гьабураб … васги гьединго вахъинин кеч1о… Рак1 лъик1 гьеч1еб мехалъ гьеб хабар Мух1амадида  бицин ц1одорлъи гурилан абураб пикруги  бач1ун, богорокъой сурк1а-раг1алда квал-квалдизе лъугьана, амма чвахун унеб маг1у  ч1езабизе к1олеб бук1инч1о пакъиралда: щай Мухтарица гьеб х1алихьалъи гьабураб – инкар ясалъ гьаби бегьулареб жойищ? Мух1амадицаги гьедин гъоркье рехана дун…щиб лъалеб дирго ват1аналда бигьа бук1инеги бегьилаан дие г1умро – гуро, гьале чидар г1адамалгун, гьезул сог1ал г1адаталгун ана, эбел-инсудаса рик1к1ад г1умро…Унго Мухтарил г1асилъи, дир ва инсул мугъ бекизабизе вач1ун вук1арав къаг1ида…Мух1амаица бит1араб лъани гьев ч1вала. Щиб бахчилеб, щиб бицинеб…Цо к1алъазениги ун лъик1… зах1мат бук1ина гьанже цоцал бадир балагьизе, цощинаб дида ва инсуда гьоркьоб караб дица къоно ч1ван турун лъуг1анин таниги лъицаниги гьесда ва Наидада бицун бук1анадай…вай дир къисмат, ц1идаса гар-гадила г1адамал… Лъач1ого  кин гьеб хут1илеб? Рач1а-рач1араз ц1ехеларищ бах1аралъул куцалъул ва гьадиг1ан г1едег1изе каниян – г1адамаздаса щибго бахчун бажарулеб батиларо, бажарулин хьулал лъей буго щайт1ан киниги иш. Пакъиралъ дунялалда х1ехьон бугебщинаб г1ак1уба…къог1лъи пакъиралъул г1умроялъул – вокьизе рак1алда гьеч1ев  г1адамасе мук1урлъизе кани – дирго киниги  маг1ица бичун бук1инч1они гъарималъулги  къандалъо…т1убанго ч1ван буго гьелъул рак1…кьог1ал пикрабазда йигей Кларада гордоялдса жанибе рогьалил хъах1лъи рехараблъи цин бихьич1о.
Кидагог1адин,  рогьалил бакъ бакулеб г1ужалъ, жиндирго кефиралъул стаканалда хадув гъоркье вач1ана Мух1амад. Рос вихьигун дарран сири бана Кларада.
-Кларочка, дуе караб щиб? Гьанжеги бет1ерищ? – ан лъадуда баана гьес.
Жакъа аваданго вихьула талих1алъанги абун къуват данде гьабуна гьелъ ва абуна:
-Мух1амад, субботаялда нилъеца бертин гьабизе колеб буго.
-Унго?! Гьеб щиб хабар, Клара? Мач1икъго «лъик1аб» хабар буго гьеб, - ян ч1ужуялъухъги валагьун, гьекъолаго кефиргун бак1ида г1одов ч1ана гьев.
Саназ жиндирабго гьабулеб  бугоан Мух1амадил къаркъалаялда. Еве вук1арав къамарт1ав, 1вараб маг1 киниги г1адан, дагь-дагь кун херлъиялъул къвалакь инев вуго…
-Мухтар т1ассияб хамиз къоялъ Саратовалде вук1ине колелъул…
-Агьа. Халида рази йигищ?
-Йиго, - ян х1алалъ абун бажарана Кларахъа.
-Гьеб ц1акъ лъик1. Бертадул ургъел дица гьабила… Жеги гьит1инго йиго гьей. Нилъ г1аги аск1ор рук1унареб мехалъ…дида лъаларо, бат1аго цо-к1иго соналъ ч1езе  бегьуларогонищ? Жиндирабго гурони цебе бичаларев сог1ав г1аданго кинав вук1унев? Цодагьалъ мун гьелгун цадахъ г1аги ине кела: кумекалъе, малъ-хал гьабизе. Гьеб г1еч1елъубе чидар щагьарги…
Клара гьедин хабар бусиналде анищ цин гьеч1ей г1адан гьанже росас хвезе егаян  абуни цее т1ийит1изе х1адурай йик1ана…
Гьеб хабаралда гьел рук1аго, сордо кида рогьинебалиян хъаравуллъуда йик1арай Халида церего х1адурун  лъун рук1арал документалги росун йихьиларедухъ азбаралъуса къват1ие екерана. Цинги цадахъ ц1алулев вук1арав васасухъе г1едег1ана цодагьаб къарзалъе г1арац гьаризеян. Мач1икьго бук1аниги Микаг1илица гьелъие т1ад  к1алъач1ого бугелъуса босун нусго гъурущ г1арац кьуна. Вас талих1ав вук1ана къо кейгун жиндихъ Халида яч1иналдаса. Т1оцебесеб Мах1ачхъалаялда унеб автобус г1адамазул ц1езег1ан ва гьеб шагьар тун къват1ибе борч1инег1ан хадур чи рач1ине гурин х1инкъи т1аг1унеб бук1инч1о  гьелъулъ. Г1адамал г1ажаибго т1ат1алаго нахъ-нахъ руссун ралагьулел рук1ана Халидахъ: хъах1лъарал расазул квац1и, хъах1иллъарал беразда гъоркь лъугьарал хъах1илъарал къуч1би, ц1орораб ч1обогояб балагьи… Тахшагьаралде щвейгун ич1го т1убазег1ан вокзалалдаго ч1ана гьей. Гьеб г1ажаибго бихьун живго дежурный милиционер к1иго нухалъ вач1ана аск1ове. Халида т1оцее щолей йик1ана Мах1ачхъалаялде. Г1арцуда барахщана пулан, къулч1улаго х1ац1угун аск1оса йилъана гьей пирожкаби ричуней г1аданалдаса, щибг1аги бог1олъи босич1ого: сон къалъудаса ургьиб щибго инч1ей г1адан. Ич1го т1убан бихьигун такси ч1олеб бак1алде йилъана, ва пединституталде ячеян гьарана. Гьениб заманго бач1о пуланалъ биологиялъул факультеталда документалги кьун, экзаменал кьун лъуг1инег1ан общежитиялда санаг1ат келародаян комиссиялъул председателасухъе приемалда очеред куна. Жакъа талих1 кенч1олеб бугин колаан гьелда: председателас к1иго къойидаса яч1аян абуна. К1иго къоги кин инабилеб лъаларого, Кизляралда т1ад юссинеги х1инкъун хут1араб къойица  институталда цебе бугеб скамейкаялда го т1обит1ана гьелъ ва марк1ач1ул г1ужалъ гьанжениги рах1ат бегьилилан вокзаладе унеб автобус ц1ехон т1аде яхана. Сордо гьенибг1аги т1обит1илилан. Жинибго милиция буго. Автобусалдасаги решт1ун Халидаца саламатго пирожкаби росана: къасиги кванч1ого бегьиларин. Радал йихич1ого  берцинго автобусалда институталде инч1огоян жийго жиндаго семана гьей, гьанже цадахъ  чан гъурущ хут1арабали ва хадуса лъида шагьи кьейин абилебали…б р..р.. гьединал пикраби бот1ролъа рачахъани гурони гьаглъила дунан щват бичан пирожкаби кванана. Аск1ор г1одор ч1ун рук1арал руччаби жидерго  т1аг1унел рук1арал лъималазул ургъелалъ  сундаго рег1ун гьеч1оан… Дагь-дагь кун гьей макьихана, амма зама-заманалдаса залада сверулел - тирулел милиционераз хьитаз скамейкаби рухун щалниги кьижизе толел рук1инч1о. Т1оцебе г1олилай руччабазда цадахъ йигин кун ас1оре къалел г1адам чи вук1инч1о. Амма поезд бач1ингун ана рахъун Халидал мадугьалзаби ва лъалаго ч1обоголъана  зал. Халида цодагьайго х1инкъана… Г1адада бук1ун гьеч1о: кват1ич1ого х1убал киниги ясалда цере эхетана к1иго г1олилав, х1инкъиялъ жинда гьел к1алъайгун к1ал-мац1 къот1ана пакъиралъул. Ясалъул х1алалдаса гьезда хехго бич1ана гьей жийго йик1и ва жалгун йилъаян т1аделъана.  Талих1алъ аск1ор минуталдаго щвана милиционерал:
-Санаг1ат гьеч1олъи бугищ? – ан честь кьуна гьезул цояс Халидаде вуссун.
-Кумек гьабе, гьал г1олилазда дие х1алхьи теян абе, бегьулеб батани, – ян соролеб гьаракьгун к1алъана кумекалъе милиция щвейгун.
Милиционер гьезухъ валагьана, амма цояс бер къапич1ого абуна:
-Дир яц йиго гьей. Рокъое ячине инсуца вит1ун вук1ана гьудулгун, гьай абуни нажеда цадахъ йилъуней гьеч1о.
-Нужер паспортал, - ан гьимулаго милиционерас цин Халидал босун рагьана. – Васал, дун валагьун ч1ун вуго.
-Цадахъ гьеч1о, - ян лъимадул киниги бац1ц1адаб балайгун милиционерасул бадив валагьана  гьанжелъизег1ан вуц1ух1ун ч1ун вук1арав вас ва Халидадехун вуссана. – Г1ела т1ирун ч1арай, йилълъа рокъое вац суризавич1ого. Дир яц йик1араяни нек1ого мерхьун ятилаан дица мун.
-К1ал къай. Дида т1оцере рихьунел руго нуж. Гьерсал рицунел руго…
-…Бич1ана. Рахъая цо киналго отделениялдаян, - ян кьварун к1алъана кинабго бич1арав милиционер.
-Ниж ина, - ян к1ут1ун т1аде рахъана г1олилал. «Вацас» иналде цебе жеги т1аде жубана: «дое инсухъе йилъаян».
-Г1едег1улел щай? – ан пунхъана гьезда хадув милиционер, - Анц1ила щуго суткаялъ вокзал бац1ине хиял гьеч1огонищ? – ан Халидада данде вит1ун г1одов ч1ана гьев, гьалмагъ тира-сверизеги вит1ун.
-Баркала. Мун т1аде вач1инч1евани х1алалъ цадахъ ячинехъин йик1ана гьез дун.
-Мун киениги уней г1аданищ, цадахъ г1аданчиги вихьуларин дуда?
-Документал кьезе яч1ун йик1ана…Жакъа гьале кьуна, - ян институталдаса документал жанир росиялъул кагъат бегьана милиционерасухъе Халидаца. – Дун радал щвана Мах1ачхъалаялде. Общежитиялда бак1 к1иго къойидаса гурони гьеч1о, гьелъ радал анир милиция бук1ин бихьигун сордо борч1ине ян йилъун йик1ана. – ян нечеялъ баг1арлъун бет1ер борхун бажарич1о пуланалъухъа.
-Гьаний дуе цо минуталъ х1алхьи теларо. Гьединай х1урул г1ин эбел-инсуца кин жийго цох1о йичарай?
-Ц1ехеч1ого яч1ана, – ян хабар лъуг1илародаян къокъго жаваб гьабуна, кинго бокьун бук1инч1о нахъ-цебе гьал къояз караб я рак1алде щвезабизе я чидар г1адамасда бицине.
-Дур гьурмада кьерго хут1ун гьеч1ин, цощинай унтунцин гьеч1ищ мун?
-Абизисеб жо гьеч1о. Экзаменал зах1малъана цодагьал…
-Бич1ула. Гьаб кагътида меседил медаль бугин ан хъван бихьула…Молодец. Рак1-рак1алъ баркула. Молодец, - ан жиндирго яцалъе гьеб щун бугеб киниги вохана милиционер, – дида ц1ар – Камиль. Къаси дун гьанив вук1ине вуго. Къварилъизе дица мун теларо – Лъик1ищ?…Киданиги мун г1адай берцинай меседиль медальги бугей ясгун к1алъарав чи вук1инч1о дун…
-Лъик1, – ан х1айранго гьимана гьесие Халида.
Цодагьав Камиль аск1осан рик1алъигун, Мухтарица мугьроялъул абураб рак1алде щун милиционерас т1ад буссинабураб паспорт рагьана Халидаца. Махсароде кун йиго – дунги гьагай уйин кун х1инкъана. Киса гьесухъе дир паспорт щвезе бук1араб…
Х1алимго ясалъеги гьимулаго нахъ-нахъ вуссулаго ана Камиль: унго гьайбалъи бихьуларищ…Кибе араб лъач1ого т1урун макьугун, жиндаса кирениги рич1уларел пикрабазда яна гьей. Баркала къисматалъе тохаб жо кезе бахъана – Камиль т1аде вач1инч1евани, нахъ г1унт1и бихьуларищ: яц йигила жидер…Т1ок1аб гьаризе жо гьеч1оан ц1ализе жание йорч1аралдаса. Мухтарида бигьаго к1очон тела – бокьараб щваралдаса дун гьеч1ого ч1еларин  ватизего ватиларо. Клара-бажул бук1араб куц. Дагьай хут1ана дунги боржине гьесда: киданиги рак1алдацин бук1инч1ила х1акъир гьайизе – гьереси х1ат1ал къокъаб жо…Цо-к1иго курсалдаса заочно босун                х1алт1изе лъугьине бегьула, стипендиялда балагьун йик1инч1ого, цох1о жаний йосани, кьезе рушбат гьеч1огонилаян хут1иладай? Бугониги заг1ипаб къаркъала нахъойги жиндаго лъач1ого гъаплъун ана гьелъул. Гьеб бихьигун аск1ов щвана Камиль ва гьей цощинай х1инкъилароян тамахго гъажалда к1ут1ун йорч1инаюна:
-Г1айиб гьабуге, гьаний кьижизе бегьуларо. Мун свакан ятила…дун гьалмагъасда к1алъана, нижер гьит1инабго рукъ буго к1иабилеб этажалда…Йихуге, дица нуц1а рахала дуда т1аде. Мун кьижа. Гьениб басриябго бугониги диван буго. Йилъа.
-Квал-квал гьабуге. Дица х1аракат бахъила т1ок1ай кьижич1ого йик1ине. Намус йиго дудаса, Камиль. Сордо г1езег1ан хехго ина.
-Дихъ г1инт1аме…Дуда бугеб х1ал бихьани гамач1ги къварилъила. Цох1о гьайбатаб гьими хут1ун буго кьер т1ураб гьумералда, -    янги абун гъеж кун болъодухъа т1аде яхинаюна гьес Халида.
Машааллагь,  гьаб къобикъиялда йигей г1адан жеги къвак1ардилей. Ях1-намус к1оонареблъи щиб-кин каниги – 1акъ беараб х1ужа  буго гьай ясалъулъан жинисанго вохана  милиионер.
Киг1анго х1ал лъазе теларин йик1аниги, къанщун унел берал берцинго х1ет1е лъолеб бак1алде  балагьун бажарулеб бук1инч1о гьелда. Саг1ат анц1го т1убалеб бугоан. Диваналда еги ва кьижун кей цадахъ кана гьелъул. Цодагьалъ валагьунги ч1ун, гурх1иялъ к1ибик1улаго бет1ергун Камиль нуц1а щула гьабун гъоркье вилъана. Машаалагь! Гъодинаб берцинлъигун бигьа бук1инаро пуланалъе г1умродулъ, бит1ун т1егьалеб г1ужалада аск1ор г1адам чи гьеч1ого гьаб чорокаб шагьаралда… Камиль живгоги абизе санал рарав г1адан вук1инч1о: къоло анкьго сон, ячун заман балелдего ят1алъарай ч1ужу…
Йигьич1ого кьижана Халида радал анкьго т1убазег1ан. Нуц1ида к1ут1улеб гьаракьалъ т1оянго макьидаса йигьинаюна гьей, ва т1оцее кий жий йигеяли бич1уларого йихун хут1ана, амма нуц1ида гьанже т1ат1алаго к1ут1улеб бук1ана. Т1ад бан батараб одеялоялдаги жем-жемдилаго нуц1ихъе г1едег1ана гьей:
-Щив?
-Халида,  рагье, - ян бахъана Мухтарил, у Мухтарил гьаракь.
Амма к1иабилеб нухалъ к1алъалеб Камилил бугоан: вайгь! Цеве т1амизе жуван вугоян г1одое йичана гьей, х1инкъиялъ, йиххиялъ рак1 карандаса къват1ибе к1ан1ун ба1инин канна одагьалъго гьелда.  Унго киса!? Камилица нуц1аги рагьун цеве жаниве Мухтар вичана, ва хадувго кин щибали мух1канлъизе жиндирго бет1ерги нуц1ихъа жанибе бакизабуна.
-Йорч1ами, Халидка, – ян гьимулаго к1ут1буздаги баун каранде къана Мухтарица гьей.Цинги кверги кун кодоса одеялоги диваналда лъун къват1ие ячана, - баркала, дуе.- ян лейтенантанги абулаго гьесул чвантиниб г1арац къазабуна.
Хадув гьак1ан лейтенантги тун,Халида сих1къот1ун цадахъ йилъана, Камилихъ нахъ-нахъ юссун     ялагьулаго. Амма Камилил гьанжесал щаклъи ке1о Халида яун унев г1адан г1агарав и вук1иналда. Саламатав г1олилав вихьула, гьаб орокаб шагьаралда  Халида киниги ясал жилго т1ураларо. Камилиль рак1  жиндирго яалъул къвариг1ел т1убараб киниги гьанже парахалъана.
Гьале машинаги…гьале Мухтарги…
-Мухтар, дуца дун кие ячуней йигей?
Урхъун гьелъул бадив валагьулаго рак1алдаго гьеч1еб бак1алда Мухтарица хапун кодое йосана гьей ва машиналъуй г1одой ч1езаюна:
-Рокъое. Жакъа мун росасе иней йиго. Дуда к1очон тун батилилан мун бах1арай йик1ин абун хадув вилъун вук1ана. Дун мекъи вук1ун гьеч1о, дуда гьеб рак1алда цин гьеч1ин кола балагьараб мехалъ.
Кьижич1олъиялъ баг1арлъарал бераз бицунеб бук1ана гьевги к1век1ун вук1и гьал къояз.
-Дун йилъунаро мунгун цадахъ. Документал кьун руго дица ц1ализе лъугьине пединститутлде.
Мухтариа жиндирго гьурмада к1иябго квер бахъана, свак-ургъел т1асса инабулеб киниги.
-О! Дир учительница-мучительница, - ян пашманго Халидал бадив валгьун ч1ана гьев. – Йилъа цин кваназе. Гурони раг1и хадуб-цебе абизе х1ал хут1ун гьеч1ин дирги…Халида, к1вараб кин т1уризе? Цо секундалъг1аги дир пикру щай гьабич1еб, кин к1вараб, дида бич1уларо…Дуда рокьи щиб жояли лъараблъи якъин гуреяни гьединаб гали т1амун бажарилароан духъа…Инсул вацасул адресниги босич1ого ине кани, вокзалалда сордо рогьине! Нолъ   г1адаб сардо т1ок1аб бач1унгеги т1ад…Эбелалъухъ к1алъазе кола мун ятанин, гурони гьей дун сабаблъун хабалъе ине хут1араб жо тун бук1ин1о…
Гьанже гьабилеб щиб, Мухтарица жиндирабго гурони цебе бичалареблъи лъаларищха.  Нахъойги къорикь карай х1исаб бук1ана пакъиралда. Т1ок1ай киениги йорч1иялдаса хьул къот1ана Халидал. Дирго гьаглъиялъ щвана дун документал кьезеги, г1адада! Бихьиназ ручаби  жидеего бокьараб гьабич1ого толел жал ратиларо. Рокъов эмен – гьанже рос.
-Къвак1арай г1адан йихьула мун, дир гьит1ин, -  ан абулаго вокзалада цебеса машина хъаминабуна Мухтарица Халида ятиялъ кинабго зах1малъиги рек1ел къварилъиги   к1оченибизе бокьун. Талих1алъ ятана дида мун. Унго ургъараб жо бихьуларищ, рокъоса т1аг1инеян пикрабазда зама-заманалъ далун бет1ергун йигей йокьулелъухъ валагьулев вук1ана гьев: гьале беразда йихьулей йиго, т1ок1аб талих1 щибизе. Гьайбалъи! Къоял ранаг1ан т1егьан яч1иней йиго чинаралъун  гьей.. Ятиг1аги лъик1, гьаглъизе дагьаб хут1анин нолъ, маххул ватила дун…
Халидаги йик1ана жиндирго пикрабазда. Гьанже киениги гьесдаса йорч1иялдаса хьул къот1ана пакъиралъул.
Хъваралдаса кьуризе бак1 гьеч1илан т1оцее Мухтарихъ ялагьана. Гьес недегьго гьимулаго гьелъул к1аркъада квер бахъана ва машина танхъинабуна.
-Жакъа т1оцебесеб нухалъ вихьулев г1адин ялагьун йиго дихъ мун, - ан разиго абуна Мухтарица, ва ях1 гьабун бажарич1ого х1алимго гьимулаго цодагьабго нилъо кун къулараб  жиндехунго буссинабуна гьелъул пашманлъиялъ квелъ бараб гьумер.
- Унго бертинищ бугеб?
-Буго, - ян цодагьаб гьими кунч1ун свана гьесул гьумералда, щибдай Халидаца абилебаян ва кида гьаб г1азаб лъуг1ун бертинги гьабун ч1ужугун вук1ине щвелебан пикру гьабулаго, - Халида рач1а г1одоре риччан, ч1ах1иял г1урал г1адамал г1адин, к1алъазе. Кинго данде рагьун бажарулей гьеч1о мун диде, лъала дир г1айиб. Караб гьоркьоб лъугьун батила нилъеда.
- Караб жо гьеч1о, г1айибалги ратиларо. Дун духъ г1инт1амун йиго, – угьун х1ухьел бичана Халидаца.
-Халида, щай мун хабаралдаса т1урулей, гьале гьанжеги угьун х1ухьел бичалей йиго, щиб дица гьабилеб? Бич1ула каралдаса хадуй дур ихтияр буго гьедин йик1ине. Гьарула вит1ун  вич1еян. Дида х1ал к1ун т1ок1аб дур рак1 бакъвазабизе бичаларо. Гьанже рес гьеч1о киг1ан бокьич1ониги бертинги гьабун данделъич1ого, бич1улищ, гьарула г1адамазда цеве рехич1ого гьабе данде гали: мук1урлъе бах1аралъул гурдеги рет1ун цо къоялъ дунгун цо столалда нахъа г1одой ч1езе: хадуса дуца абураб гьабулев вук1ина херлъизег1ан. Мун гьеч1ей г1умро г1азабалде бусуна дие, гьелда щаклъи гьеч1о - сон радалидаса нахъе дида бук1араб къо…Дуе вокьизе мустах1икъав вук1ина дун. Гьедин квешав вас гьеч1о дун.
-Агьа, - ян гьимизе бач1ана Халидада. – Дуцаго мунго вецулев…
-Елъулейищ?
-Якъуца холаго елъизе рег1ун йигейха дун. Вилъа пединституталде.
-Кванан тун хадуса рилъине бегьуларищ? – ан т1ат1алаго гьелъул  гьурмада баана Мухтарица.
-Дица цоц1ул абунаха, – ян к1арун елъана, гьес абурал раг1абиги рак1алде щун, Халида. – Херлъизег1ан дуца абураб гьабилилаян гаргадилев вук1арав г1адамасда гьале к1очон тун буго к1иго минуталда жаниб. Гьанже божаха дун дуда.
-Бич1ана, хъамизабулеб буго машина. Щибизеяли бицани т1ованго талих1ав вук1инаан дун.
-Документал нахъе росизе, - ян жиндаго лъач1ого маг1ил гарал кенч1ана гьелъул т1елхазда.
-Халида, унгойищ?
-У. Дуе яч1ина. Гьари буго киданиги махсароде коге дун. Дие гьеб бокьуларо…Цойги, дида  т1ассалъугьа  мун ц1ехеч1ого дун рокъоса иналдаса, - ян хьулалда Мухтарил бадий ялагьана гьей. – Т1ок1аб ургъич1ого  щибниги гьабиларо…Заманалдаса вокьизеги бегьулелъул мун дие, цебе дица гьелъул пикро цин гьабулароан, мун г1адал г1олохъаби дие гурин толаан. Бич1улищ абизе бокьараб, вореха гьанже дур г1амал к1одолъизе гурин. Х1апиз вуго дирго эмен г1адав алкашасул вас, эбелги школалда – уборщица. Релъаралда рекъарабин абуларищха. Дир г1умро кинаб бугебали дуда лъала, гьединаб хъизамалъул васазул яги рокьул пикру гьабизеян дир бот1ролъ пикро ба1унароан.
-Гьит1ин, – ан щакърахунаго Мухтарица жиндирго накабазда йосана гьей ва каранде къана, - гьит1ин. Халида, цох1о баэ дида.
-Д-дида лъаларо, – ян ц1а палараб киниги баг1арлъун яхъана гьей. – Унго лъаларо, - ян нечана гьесул гьарулел беразул балаялда гъоркь, сан-сандилаго гарбида кверал жемана. Гьесул т1омалда лъач1ого  квер цуйгун турк1ун яч1ана. Мухтарил бадий ялагун бажарулей х1ал бук1инч1о  гъелъул. Бералги къанщун к1ут1би цере гьаруна, амма гьесул гьумералда, т1омалда хъван бажарич1о. Киса.
-Халида, - ян шурулаго Мухтарица  халаткун  х1асраталъ баана сих1къот1ун мук1урго жиндир накабазда х1алидул бак1лъиялъул колей гьелда, -  йокьулей. Йокьулей, дун г1ашикъ вугев куц духъ…
…Къалъуде документалги  нахъе росун, шагьар тирун рат1лил къвариг1араб тарабги босун гьел рокъоре руссана. Гьений цох1о  Клара гурони гьезда рег1арай  ва рах1ат хварай г1адан гьеч1оан. Алагьасда лъала  бертаде  циндаго рак1арулел ругел г1адамазда щиб абулеб бук1арабали. Машина танхъигун, хехго аск1ойги яч1ун, Мухтар гьелъ жиндирго гьалмагъалъул доя Халида щвезавизе вит1ана, раг1и абизе васасдаги теч1ого:
-Мухтар, абураб гьабуни лъик1, дир вас. Халида, дун талих1ай йиго мун ятиялдаса, гьанже сундулго ургъел тун бах1арайлъун йик1ине къач1ае. Гьарула, дир яс.
Кларада чанги лъик1 лъалаан маг1арулазул г1адатал, амма пайда щиб гьадинаб ах1вал-х1алада кинал г1адатал рук1унел? Дихъа гьаб х1екон бажариларо, гурх1аха аллагь, Халидал г1агарлъиялъул питна бахъинч1огог1аги т1убайги, вабабай гьабизе гуреб жо гьеч1огури дун гьаний халгъан азбаралъуй эхетун…Мух1амадица разилъи кьун бук1арабани Халида рокъоса ячине – бигьа бук1инаан, амма мадугьалзаби г1умроялъ рихьич1ониги х1ал буго гьесда:  бугониги цо рак1алда бак1 бук1араб къаг1ида херасда… «бокьани бертадулъе рач1аян абе» - хабаралъул бигьалъи, гьеб раг1и гьезда абизе щивдай ине вугев…вай, дир бот1рода бугеб гизма-къали…Кин бугониги Халида росасда йихьич1ого нухда лъун бажариялдаса аллагьасе рец гьабулей йик1ана гьей. Щибизе, гьаб ц1адуда гьоркьоб бат1ияб ах1и-х1ура…бихьиниал гьалаг гьарун т1убалеб иш бук1унарелъул, т1адеги жагъалъани гурони. Бертадаса хадуб къан нуц1агун инсуцаги васасги бокьараб к1алъай гьабе абе.
Мухтар къойиа, ятиялда ва аск1ой йик1иналда  божуларогощали, Халидада аск1оса кьурич1о. Гьев  гьеч1ониги Мух1амадил цох1о вугев васасе бертаде кверагъари гьабизе рак1арарал г1езег1ан рук1ана гьезул дора. Къойица Мухтарил талих1алъ кенч1елел берал ва талих1аб къот1и гьеч1еб релъи тун бат1ияб жо я бихьулеб я раг1улеб бук1инч1о Халидадаги. Гьел санаг1аталда рокъорги ричан бертаде г1едег1ун ана рукъалъул бет1ергьан Сарижат. Кват1ич1ого Сарижатиа бертадаса бит1ун бач1ана гьезие щибго камураб ниг1мат гьеч1еб кваназе жо.
        ...Киг1анго х1аракат бахъаниги Халида жив г1адин жаниб чирахъ бакараб асаралде яхинаюн бажарич1о гьесухъа: ц1акъго гьит1инай йик1иналъ батила,  горсвериялда караб мехалъ лъимер киниги ахтан йик1ин гурони гьелда унго жиндир г1умро хисулеб бук1и ва жий метералдаса росасул ч1ужу колейлъи  бич1улеб гьеч1оан балагьараб мехалда. Цощинав гьагаб гали жинца т1амулеб бугодаян, цощинай жинда юсинаюн бажарич1ого бук1инадаян х1инкъаби рач1унел рук1ана  бах1арасул рек1елъ. Беч1ай рехараб т1егь киниги йиго гьей, кьижизаюни ц1илъилаандай, амма кин гьеб гьабилеб – цо минуталъ жийго хут1улей йигони ч1ах1алъун рач1унел ругин х1инкъиялъ пуланалъул берал… Кинабго лъик1 бук1ина, дица раг1и кьуна гьелъие. Щиб лъалеб дир талих1алда ругел хьулал г1адада ратич1ого рук1ине бегьулелъул…
Шаммат къоялъ ич1го т1убайгун жиндир гьудул Г1иса Халидагун тун, Мухтар хадуб ах1и щун «жив ячине хадув  вач1ине вугилан» Халидадаги шурун берталъе г1одов ч1езе ана. Бах1арав евеса кьуригун, рукъ ц1ун рак1арал гьесул тухумалъул ясал бах1арай къач1азе журана.
Г1иса дагь-дагь кун ругьунлъулев вук1ана гьай гьит1инай гьайбатай бах1аралде. Хъах1ал расалгицин рекъон ругел куц гьалда. Унго Мухтар вугев талих1ав чи. Диени гьединай макьилъги щвелароян пикрабазда вук1ана гьев цояб рокъой руччабаз рет1ел рет1уней Халидаги тун къват1ивехун сигарета бух1улаго. Мухтарица махсаро киниги Халидадаса бер т1аса босугеян гьарун бук1ана гьудуласда. Бич1улилан дур х1инкъи – хазина щулаго ц1унилан жаваб гьабуна гьудуласул к1игъажазда хъат кьабулаго Г1исаца. Унго гьарзаяб сайигъат гьабун буго къисматалъ Мухтарие. Пакъиралъул г1агарлъиго гьеч1еб къаг1ида гьаний ячине кани…
Араб лъач1ого ун заманалгун, рукъалда аск1об машинабазул ах1и-х1ура бахъана. Кват1ич1ого ч1ег1ераб костюм-т1ажуги хъах1ал розабазул квац1игун рокъов жанив лъугьун вач1ана Мухтар ва ясик1о киниги хъах1аб гурдегун къач1ан рукъ бакъулъ эхетарай «бах1арав вач1инев вугин» ручабазул шуриялъ аск1ор рук1арал рикь-рикьун ун жийго хут1арай сородилей Халидада аск1ов щвана…Маргьо!
-Ле, нужер бах1арай ц1унарав чиго гьеч1ев кинав? – ан велъулаго кодоб бук1араб г1арцул пачка йокьулелъул х1атикъ рехана гьес – гьелъул гьудулалухъе кьезе колеблъиги к1очон тун. Хадурго кодоре кьеч1ого гьелда цере т1ирит1ана розабазул квац1иги…Кинабго жиндие бокьахъе! Кинабго гьедин…Цинги г1индеги къулун бух1араб шури,
- Унго дур берцинлъи жакъа. Дие йокьула мун, – ва цодагьаб  рак1аразда раг1иледухъ, - Гьай гьайбатай яс дир бах1арай ятиларо?
Велъулаго аск1ов вач1ун Г1исаца бах1аралъул сородилеб квер Мухтарил хъатикь лъуна: ячине бегьилилан. Халидал гьумералдаса фата нахъа босизеян хиял гьабуна Мухтарица, амма  гьудул танхъинавуна Г1исаца:
-Ле. Г1едег1уге. Цеве-цеве къват1иве вилъа. Дица машиналъухъе щвезайила дур х1урул г1ин. Халида лъицалиго кодое жий йосилей йик1ин бич1игун лъавудаса ана.  Циндаго тамашаго бак1лъун ана х1ули киниги бук1араб бах1аралъул  къаркъала, Г1иса вихун кун Мухтарихъ валагьана. Секундалда жанив аск1ов щун фата борхана гьес ва  х1ат1ул кьер ч1вараб гьумер бихьигун гьединго кьер т1ун ана Мухтарилги, талих1алъ Г1иса рак1алда ватана:
- Лъавудаса ун ятула…вихуге, машиналъуве щвезег1ан ях1 гьабе, - ян шурана аск1ор ругезда жибго жо т1атине гурилан х1инкъарав г1адамас.
Машиналъуе гьей йосизе зах1малъана гьезие. Жаний щун тун к1аркьада чанго нухалъ хъат тамахго кьабуна Мухтарица, кисалиго  х1абургъиялдаса т1ад юссуней киниги бук1ана Халидал балай.
-Халидка…йокьулей. Кинабго лъик1 бук1ине буго…Гьале дун…
Т1ок1алги г1адамал балагьун ч1езаризе рекъон гьеч1ин ц1ерелда к1ут1ана Г1исаца, цинги жанив вакана:
-Йигьанищ? Мухтар, дица нуц1а рагьулеб буго.
-Лъик1.
Жаний йоржун яч1ана Мухтарил  яцг1ал – бах1аралъул Карина гьудул:
-Халида, дунги гьаний тун ине рак1алдайищ бук1араб? – г1олохъанлъиялъул роц1араб релъигун бах1аралдехун юссана гьей.
-Карина, т1алаб гьабе, гьарула: цодагьай лъик1 гьеч1ого йиго гьей, - ан шурана  Мухтарица церехун «линкольналда» г1одор ч1олезда раг1иларедухъ.
-Вай, - ан х1инкъун лъугьана Каринаги. – Дуца абе, Мухтар, дида щиб гьабизе колебали лъаларо. Гьалда бадиб кьерго гьеч1огури.
Х1алалъ Халида ягъа-ячарана. Нечон йик1ана Каринадаса, вай лъугьараб жого щиб дие? Рух1 бахъараб киниги йигин лъугьун. Мухтаридасаги намуслъана: ч1еч1ого  квал-квал буго дир гьесие…Халидаца Мухтарил хъатиниса жиндирго квер нахъе босана ва «т1ассалъугьаян» гьарулеб  киниги  заг1ипго гьимана.
…Г1исада чанги гьудулзабазул бертаби рихьун рук1ана, амма «гьаб гьайбалъиялъул къварилъиго щибан» г1ажаиблъи т1аг1унеб бук1инч1о гьесулъ. Цебе-нахъ Мухтарицаг1аги бицинеб батилилан тана гьес. Лъабго къойида жаниб хъизан гьабизе кани. Амма гьезул цоцада аск1ор рекъей! Гьединай яс данде ч1вач1они ч1ужу гьеч1ого хут1улев вугониги дица хъизан гьабуларо. Гьел г1адинал рук1ине кола бах1арай ва бах1арав.
Шагьаралда гор свериги гьабун машинабазул кортеж загсалда цебе ч1ана. Гьениса рахъулаго сураталгун къвариг1елги т1убан берталъе рилъана. Мух1амадица жинцаго ячана васасул бах1арай машиналъуса къват1ие, «дир ясан» надалда баизе къуларавго цере лъун рач1ана гьесда хъах1ал расал – батиларо, мода, уян цин берцинго эс гьабич1о гьес бихьаралъул. Т1аде щвалаго г1арац-чакаргун бах1аралъул гор-свери гьабуна гьес. Рач1арал столазда нахъа г1одор ч1езаруна, амма Мух1амадида щаялиго цереса унел рук1инч1о Халидал бот1рода рихьарал хъах1ал  расал… Ратиларо гъарин, рекъонги руго, модаялда  релъун ратила…
Чанги бечедаб ихтилатаб бертин бугоан гьеб. Рач1аразул бер бихиледухъ ч1езабун бугоан квана-гьекъолеб жо. Рачарал эстрадниказ ва Дагъистаналда ц1ар арал к1оч1охъабаз танхъич1ого бачунеб бук1ана бат1и-бат1иял бакънал, ах1улел рук1ана  к1уч1дул. Къаси кват1изег1ан азбар ц1ун кьурдулел г1олилалазул ц1ун бук1ана. Анц1ила цо т1убайгун бах1арай свакан ятилилан «ахирисеб вальсги» бахъун т1аде ячеян шурана Г1исаца.
Кват1ич1ого х1алихъе свакаялъ ях1 кун йик1арай Халидае тамахаб креслоялде х1ухь бахъизе рес щвана. Рокъор жанир Г1исаги Мухтарги гурони чаг1и рук1инч1о. Вач1инахъего Мухтар столикалда г1уц1араб подносалъуб лъун бугеб шампанскияб шиша    рагьизе жувана.
-Гьаб те, - ян гьесул квер ккуна Г1исаца, - дица цоги босила.
-Бат1алъи щиб, - ан Халидахъги вуссун велъулаго шиша рагьун бахъинабуна гьес ва  лъабго бокалги ц1езабун цояб Халидахъеги бегьана, - Г1иса, босе дуцаги. Рач1а дир талих1алъе, Халидае г1оло гьекъезе.
Цо-цаеги гьимун лъабазго дагь-дагь ккун бугеб жоги гьекъон бокалал г1одор реч1ана.
-Дун гьабсаг1ат, - ан Мухтарихъги валагьун Г1иса къват1иве вилъана.
-Халидка, кьижизе бокьун батани йилъа спальниялда, - ян накабазда к1усана гьев Халидада цеве, кверги ккун г1исин ккун соролей гьей жанисеб рокъое ячана ва кроваталда г1одой ч1езаюна щиб гьабилеб лъаларого – гьелъул бадиб бугеб г1азаб! Бичана магнитафон. Аск1ов вилъун цеве эхетана, амма г1одоб къулараб бет1ер гьелъ борхич1о.  Къват1ив вилъун цоги шампанскиялъул бокал гьекъана. Жанив вач1ана Г1иса. Мухтар т1асаго гьимана.
-Мухтар, гьекъоге, щибизе, - ян гьудуласда аск1ов вилъана гьев, - нужеца х1ухь бахъине бегьула. Квал-квал гьабулев чи вук1инаро. Дун аск1оса г1ебеде ч1ела къвариг1ел кани.
-Баркала. Г1иса, г1ела дуеги, къасиниги кьижизе а, - ян Г1исал гъажалда квер лъуна Мухтарица.
-Т1уванго нахъе ине рекъон гьеч1о, дун ч1ела…
-Г1иса, бегьулеб  батани, гьарула кьижизе аян.
Мухтарил раг1абазулъ бахчараб маг1на бич1араб г1адин цойги нухалъ гьудуласеги гьимун Г1иса къват1иве вилъана:
-Сордо лъик1.
-Кидаго лъик1 бихьаги, - ян хаду-хадув вилъана Мухтар.
Нухда Г1исаги рег1ун нуц1а щулаги гьабун бах1арал регизе къач1араб рокъове вилъана гьев. Халида додинго шурич1ого йигоан г1одой ч1овухъего.
Халида, - ян гьелда цеве к1усана. - Кват1ун буго, яхъа дица бусен х1адур гьабилин.
К1алъач1ого, мук1урго т1аде яхъун мат1уялда цее эхетана гьей ва кверт1ахелелалги рахъун килщал лъухьизе лъугьана. Мат1уялда бер щвезе толеб бук1инч1о пуланалъ нагагь жийго жиндаго йихьани рак1 гъанц1илеб киниги х1инкъун. Гьелда бугеб х1ал бихьигун аск1ов вач1инев вук1арав Мухтар лъалхъун хут1ана. Заманалдаса гьес свакараб гьаракьалъ раг1ила-раг1иларедухъ абуна:
-Ега, Халида…Сордо лъик1, - ан ва жаваб бук1унареблъи бич1игун бигьа гьавун рокъоса къват1ив лъугьана.
Нахъисеб къоялъ Клараца ворч1инавуна къват1иб диваналда вегун ватарав вас.
-Мун гьанив щибулев?! Г1адан чиясда вихьаравани сурилаан гури. Нилъер г1адатал лъаларого ругони ц1ехезе чи камунищ вук1арав?
-Ма, г1елаха мач1икьго. Ч1ужу ячаравгониги дирго бет1ералъ малъухъе вук1ине бегьуларищ, - ан талих1го гьимана Мухтар к1век1улаго бералгун.
-О, аллагь! Хехго жанив а. Халидада щибин рак1алда ккун батилеб.
-Ма, дун жанив вук1аравани гьей кьижулареблъи х1акъаб бук1ана, - ян т1аде вахъана гьев. – Ургъел ккоге Халидал рак1 бакьвараб жо дица киданиги гьабиларо. Ма, цо хисизе ба1адаб гурдеанищ.
-Гьабсаг1ат, - ан х1еренго васасул бот1рода кверги бахъун гурдида хадуй йилъана Клара.
Халида йорч1ун йигещали балагьизеян т1ажуги рет1ун спальниялда вилъана. Мухтарги. Гьей нолъго йик1араб къаг1идаялъ кроваталаги г1одой  ч1ун синкъиялда г1одилей ятигун Мухтарил рак1 къвагьизе цодагьаб хут1ана:
-Халидка, дир гьит1ин. Киг1анха дуе дун рихарав вугев гьедин маг1у т1езе. Г1адада хьулалцин келадай дир, - ан гьелъул бадиве валагьана Мухтар.
-Т1ок1ай йокьуларищ дуе дун? – ан х1алихъего абун бажарана Халидахъа къулч1улаго маг1угун.
-Дуца бицунеб щиб?! Киса гьел пикраби, - ян ч1амуч1аб гьаракьалъ абулаго каранде къана Халида.
-Нолъ дунго…дида кана дуе х1ажат гьеч1ин…дида кана г1адамазда ее дун суризайи1ого 1ужулъун дуа яанин…
-Гьит1ин, гьагай жо. Дие йокьула мун. Гьедин хехго т1аг1унеб жо гурелъулха рокьи бук1унеб. Мун свакан йигеб куц бихьигун дун къват1ивехун диваналда вегана, - ян щурулаго гьаниб-доба баун гьелъул маг1у бакъвазабуна гьес, дир г1антай жо, киг1анха мун дие хирияй йигей. Т1ассалъугьа, гьарула. Дуда бат1айиса бич1илин рак1алдецин кеч1о. Дие йокьула мун…
Х1ули киниги, кодоеги йосун, Мухтарица гьей тамахго кроваталда егизаюна ва х1асратго баулаго къочана:
-Ч1алг1ун вугев куц… гьабуге дуего г1азаб, беразул рукъалги хъах1иллъун ругин… Рач1а кирениги рилъине, ич1гоялде гьанир г1агарлъи бак1аризе буго. Нолъги кьижич1ей мунги, лъик1ищ?
-Кире? - ян ц1ехолаго бакъул гордо г1адин гвангъун бач1ана гьелъул гьумер.
-Унго дур берцинлъи, Халида! – бах1аралъул гурде бахъизе жувана Мухтар, т1ат1алаго бадиб, т1елхазда тамахго жиндир кодой йигей ч1ужуялда баулаго. – барка дида, гьарула!
-Мухтар, щибилан…
-Нилъ данделъи – киг1ан ахирал саназ дун гьаб къо ба1инеян хьул толарого вук1арав. А. Бокьун гьеч1ищ? Халидка,- ян бак1лъулеб бук1ана гьесул балай, х1еренго раг1аби шурулел к1ут1буз аск1облъи гьарулеб бугин колеб бук1ана… Агь, къоче дида, дун урхъун вуго духъ…лъутуге, дие йокьула мун…
Г1ажаиблъи, Халида лъимер киниги кьижун йик1ана гаргардилев росасул къвалакь. Росасе унилан ан сордо макьу тун пуланалъ т1обит1илеб бук1араб?

* * *

Унго  пикрабаз кверщиликъ ц1акъ хех йосулей йихьула дун.
-Т1ассалъугьа, Раф, дидаса. Цодагьай пикрабазда ятана.- ян унгоги халат караб макьидаса йигьарай киниги сверухъ бер щвезабуна Халидаа.
-Кинабго лъик1 буго, - ян гьимана гьев, - ч1алг1ун батани рилъун лъик1 гурищ?
-Г1едег1уге. Мороженоеги кванан рилъина, - ян столикалъухъе гали гьабуна Халидаца.
Минуталда жаниб к1иго мороженоялъул вазочка бач1ана официанткаялъ цебе босун.
Мурадил махсарабазда елъулаго столикалъухъе т1ад юссана Гуля:
-О! Нужер иш квеш бихьуларо!
-Г1одор ч1а, - ян велъана гьезухъги валагьун хъач1го Рафик, - Халида, унго бродягабийин  коларищ? Нужер столик киб бугеб?
-Халида, дур гьудуласе лъугьараб щиб? – ан махсаро гьабуна Мурадица.
-Цо-цо гьедин «г1адамал хиралъула гьесие», - ян гьимулаго мороженое кванан бахъинабуна .- Рокъоре рилъине хиял гьеч1ищ?
-Гьадиг1ан хехгойищ? – ян  рак1 бакъванин къаси Мурадгун бищун шагьаралда хирияб кафеялда, сордо рогьинег1ан таниги  рази йик1арай Гулял.
-Гуля, нуж бокьани гьанирго ч1езе бегьула, - ян нодо бук1инабуна Рафикица, - Бокьани рилъа дихъ видео балагьизе.- ян мах1ги хьул ин гье1ониги т1аде жубана.
-Раф гьаб г1ужалъ дур эбелалда цее дун йилъунаро, – ян бач1инахъего хабар къот1инабуна Халидаца.
-Ич1го т1убараб, жеги лъималазул г1уж бугелъул вук1ана, - ян махсароде бачана Рафикица жиндирго калам.
-Бокьани дихъе рилъа, видео добаги буго, кассета босизе ккела, - ян гьанжесал хьулалда ясазухъ валагьана Мурад.
Халидаца хехго бет1ер къулизабуна балай бахчулаго. Щибизе гьаб настроенигун видеоян рак1аладаги ккун. Тамашаяб сордо. Дагь-дагь кун  даг1ба-къецалда бусинег1ан гьаб данде ч1ваялдаса рат1алъунго лъик1: гьаваялда пири пархинеб х1исаб буго.
Халида юц1ух1ун ч1ейгун Мурад Гулядехун вуссана:
-Дуца къаси раг1игойищ абулареб? Т1оцебе мороженое бихьараб х1исаб бугин...
Гьел раг1абаз т1убанго рак1 бекизе гьабуна  гьалмагъзабигун хабар-к1алалда унгоги т1аг1амаб мороженоялдаса кеп босулей  йик1арай гъарималъул. Байтулман. Т1оцебе мороженое  бихьулеян ккезе кани, унго г1асилъи г1адамазул…Г1айиб гурищ, Мурад къаси гьеч1елъуса щварав сайигъат киниги вук1ана… Халидада рак1 хвана гьелъул.
-Къаси г1ела. Видеоялъухъ нилъ цойги нухалъ ралагьила. Рокъоре т1ад руссине цебего замана щвана нилъее. Вахтералъулги гъул-гъулди бук1уна кват1араб мехалъ ну1ида к1ут1улеб гьаракьалдаса, квал-квалди бокьуларого.
Руц1ух1ун щибал жиде-жидер пикрабазда кафеялдаса къват1ире рахъана  гьел киналго ва  гьединго руц1ух1ун машиналъуре рек1ана.
К1иго раг1и Халидаде абизе санаг1ат ккани талих1ав лъугьине х1адур вук1ана гьанже Мурад, амма гьесул заг1ипал хьулал  гьединалголъун хут1ана: ясал общежитиялъул нуц1ихъе щвейгун бакъвараб «сордо лъик1ан» ги абун  жанир т1ерхьана. Цоцада раг1иларедухъ угьун х1ухьелалги ричан  гьудулзаби машиналъухъе т1ад руссана.
Гуля риидалил зоб киниги бец1хъах1илал нак1к1аз кьерхинаюн йик1ана. Гьеб бихьигун Халида рет1елги хисун т1ехьалда юссана. Амма замана балелдего Гуля «гъугъадизе», перхезе жуяна:
-Мун йигей тамашаяй г1адан, цониги нухалъ дие бокьараб гьабуларо дуца.  Дур Рафик вук1иналъе г1оло, дир гьеч1о г1олилав гьудул. Мурад…
Шкафалда цее эхетун бадиб хулараб маг1у гьукъун бажаруларого йигей гьудулалда аск1ой йилъана Халида:
-Нилъ цодагьал намус ц1унун хьвадарал лъик1аб буго. Ункъо моц1алъ гьарана Рафикица жиндихъе йилъаян. Рак1алда бугищ нилъ к1иялго гьесухъе рокъоре араб нух, гьесул эбелалда гьаюраб къо баркизе…
-Щиб дуца бицаниги, гьабуниги мун васазе бат1аго йокьула. Дихъ абуни къанаг1ат г1олилал ралагьуларо, валагьаравги дирго рек1елъе восуларев ватула…
-Мун жеги гьит1инго йиго гьедин абизе. Бич1улищ дие абизе бокьараб? Дун йиго кин бук1аниги росасда йик1арай г1адан, цодагьал дудаса ц1ик1ун лъала дида бихьинал, божа. Мурадие я дун, я мун къвариг1ун гьеч1о – нилъее гьев киниги. Гьесие суратал рахъине «вдохновение» гьабизе ч1ужуг1адан къвариг1ун йиго, Гуля, дида кола гьей ч1ужуг1аданлъун я мун, я дун рук1ине рес гьеч1илан.
-Лъала. Т1ассалъугьа, дир гьаглъиялда. Унгоги кин дида бич1ич1еб?
-Мун яц1ад йиго, гьелъ дида «бихьулеб, лъалеб» дуда лъазе рес гьеч1о. Бихьиназ рах1му гьеч1ого гъоркье рехула ясал, киналго гьединал рук1унин абулеб замана гуро. Йит1ун йич1а.
-Кинабго гьедин. Бугониги… - ян къедахунги юссун г1од-г1одун йичан тана Гуля.
Цодагьай г1одой йиччайгун циндаго къого соналъ херлъарай киниги жиндирго кроваталда г1одой ч1ун йигей Халидада аск1ое яч1ана Гуля.   
-Г1айиб гьабуге… Дун  Мурад г1адал васалгун к1алъан т1асса ккарай гьеч1о …К1иго-лъабго саг1ат гьелгун т1амизе бегьуларогонищ бук1араб…Агь…Гьанже бицун пайда щиб… Халида, къаси мунгун кьурдулев вук1арав г1аданго щив – нилъер гьаниса г1ебеде вихьарав чи гьеч1ин.
Халида унгоги намуслъана: бит1арай Гуля – киналго г1олилал щай дида рек1унел. Щиб дилъ бат1ияб жо бугеб?
-Дун экзамен бугеб къоялъ  базаралдаса институталде щвезаюн йик1ана гьес.
-Вай, Халида, кин дуца щибго дида бицинч1еб? Гьайбатав бихьинчи вуго гьев. Дунни йик1ана Москваялдаса киноактер цин    ватилин цощинав х1ухь бахъизе Дагъистаналда вач1арав.
-Лъаларо, дица ц1ехеч1о – гьесги бицинч1о, амма рек1аралъухъ г1арац босич1ого телефон кьеян гьарулев вук1ана: к1оларин абизе канаха –  общежитиялда г1умро т1амулей йик1и бат1аго гьесда бицине гъира дирги бук1инч1о. Къаси кафеялда  вихьун вахъингун мах1ги къа1ого ва1ун аск1овгун вуго Рафикида «кьурдизе йичаян». Гьелъ къерхун вук1ана  нилъер гьудул. Би1улищ?
- Рак1-рак1алъ бахилъула  дуда, талих1ай г1адан йиго мун. Гьесул рет1а-къаялъго бицунеб буго гьев нилъехъа г1адан   гуревлъи. Берцинлъиги г1адамасул.
-Гуля, рач1а кьижизе, рогьинег1ан  бицунеб камуларин нилъер.
-Дида кинго макьу щолеб гьеч1о. Мурад вук1ана жиндирго бицунев…Г1айиб гурищ, гъодинав  вас киданиги щвеларо дие…киса, росулъ г1урай дун  къабул гьавулев хасияталъул и гье1о…художник…дида о лъабгоги художник ин лъалел рати1о, гьезул суратал рук1а-рахъинкиса гурин…
Халида къедахун юссун егулей йихьун, Гуля биунеб къот1инабун т1ехьалда юссана.
…Радал ич1гоялда к1иялго библиотекаялде г1едег1ана ц1алдезе, нахъисеб къоялъ кьезе колеб экзаменалда х1адурлъи гьабизе. Цох1о къад квание гурони замана г1адада бичач1ого ц1алдана гьел  бакъанида г1уж щвезег1ан. Ясал т1ад руссунаго къват1иб балеб бук1ана г1иссин кун ц1ад, т1упун лъун бугоан г1одоб нак1к1.
-Брр-р. Баркаман. Троллейбусг1аги заманалъ бач1ани, - ян рах1ат хвана Гулял. – Чед босич1ого рокъоре рилъун пайда гьеч1о, дун якъуца холей йиго… Г1айиб гурищ  экзаменалда дие лъабилаб г1аги щвеч1ого хут1изе.
-Жакъа мун ц1алдолей йик1араб куц бихьарабани Ржевскияс к1алъач1ого ункъилаб лъелаан дуе.
-Унго, - ян кунч1ун бач1ана гьелъул гьумер, - Радалги ц1алани Аллагьг1аги гурх1илев ватила дида.
-Агьа, - ян  елъана Халида чадил киоскалде раг1а-ракьан гье1ебин колеб очередалда ч1олаго.
Заманалдаса гьебги босун к1иялго г1адамазул къабун ц1ураб остановкаялде щвана. Талих1алъго цоцада хадур-цере гьарун  рач1ана лъабго г1ун гьезие къвариг1араб троллейбусал. Х1алихъего тунка-г1усиялда гьудулзаби жанире рахъун рорч1ана. Гьебго х1алкъаялда решт1ана общежитиялда цереги.
-Гуля, къаси Анфизал гьаюраб къо буго, нилъги ах1ун яч1инч1они гьей. Хирияв Аллагь, я1ани щиб нилъеца гьелъие сайигъаталъе босилеб?
-Унго. Т1угьдулг1аги гьеч1ого ани мекъи бихьила гьелда. Дир духиги, колготкабиги руго, гьелг1аги кьезе келаха.
-«Кристиан Диор»?! Гьарзалъи щиб дур. Рокъоре щваралго жегиги ургъилин нилъ. Ине рак1 г1аги ц1алеб бук1арабани…Гуля, нагагь яч1ани, мунго а, лъик1ищ?
-Дуца кинабго диде рехун тола. Щай?
-Дида гьей лъазего лъаларелъул, цадахъ ц1алулей йик1и гурони. Сайигъатги кьун т1аде юссине бегьула мун…
Аб-доб бицунаго общежитиялъул азбаралъур щвана гьел:
-Халида, Рафикил машина! – циндаго ах1ун абуна Гуляца.
-Анфизахъе вач1ун ватила. Бихьич1еб х1ал гьабун  йилъа.
-Рафик гьединал рак1а-рахариязда унареблъи лъала дида. Гьев духъ валагьун ч1арав г1адан ватула.
-Г1айиб гурищ. Кваназеги кванан кьижилин йик1ана дунни, - ян угьун х1ухьел бичана Халидаца.
Дагь-дагь кун кафеялда караб хабаралдаса Рафикил гьоркьоблъи ч1алг1унеб лъугьана гьелда. Халидаа Гуля г1едерун болъодухъа т1аде 1ана, добе-гьанибе бер щвезе толарого. Жидедаголъа1огорекерун щвана ясал къвариг1араб этажалде.
Лъабабилеб этаж лезгиназ ц1ун бугоан:
-Кинабго Дербент анибе бак1арун бихьула, - ян шурана Гуляца, коридор ц1ураб г1олилиазда бер щвезабулаго. –  гьаюрабкъок1одогьабулин абун бертин гьабизеги нахъе къаларо нилъер Анфиза.
Ну1ида  Анфизахъе ах1ун хъвараб суратбугоан рек1инабун. Къисматалдаса  к1ан1изе бак1 бук1унарин абуларищха. Кивго Рафик данде ч1вач1ого гьел рокъоре лъугьана ва «талих1ан» угьун х1ухьелалги риан, рет1елги бахъун цодагьалъ кроватазда г1ебеде ч1вана. Амма щуго минут балелдего  нуц1ида к1ут1улеб гьаракь бахъана.
Нуц1а рагьизе яхъарай Гуля раг1и абизе бач1унарого эхетахъего хут1ана: т1угьдузул букеталгун ва конфетазул коробкабигун Рафикги Мурадги ругоан гьенир эхетун.
-Кин ругел, ясал? Бегьилищ рач1ине?
Цоцада хадур жаниреги лъугьун кодор рук1арал т1угьдул ва коробкаби цояс Гуляе, цояс Халидахъе регьана:
-Гьал нужее руго, – ян.
-Баркала, - Нуж Анфизахъе ах1унищ?
-Анфизахъе?! Къойица нуж кире рук1арал?
-Библиотекаялда, - ян Мурадихъе ялагьун гьимана Гуля. – Г1одор ч1а г1едег1ун ратич1они.
-Бахилъула нужеда, дица абуни т1ехьцин рагьич1о, - ян велъана, дубленка бахъун бак1ида балаго Рафик. – Мурад, бихье дихъе.
Гьесухъа дубленкаги бегьун гьимулаго Мурад г1одов ч1езеян гьесулаго «ц1иял кассетаби росизе аян» Рафикица нухда лъуна гьев. Цо лъалеб-лъалареб хиси лъугьун бугоан гьесулъ…Рафикги бат1аго вугин кола: свакаялъ дидаго колеб батилаян тана Халидаца. Щибизедай къаси гьал гьанир рач1арал? Гуляе Аллагьас цойги сордо Мурад вихьизе сайигъат гьабулеб бугин кола. Нолъ лъик1 дица гьелда гьесул щибгог1аги бицун бук1инч1еб…къаси жиндаго бич1илеб батила, гурони мекъи йихьизе хъинай йик1ана гьелда дун.
Амма нолъ бук1араб хабаралъишали Мурадгун ине къабулъич1о Гуляе, гьелъ Мурад санаг1ат гьеч1ого лъугьунев вихьигун гьоркъой лъугьана Халида:
-Бихье дун ина. Кинаб босилеб?
Гьей к1алъан вахъинег1ан нуц1ихъе щвана  Мурад:
-Йилъа, дида лъала.- Рафикида бералги лъун хапун дубленка кодобе босана гьес.
Колидоралъуй щвана лъицаг1аги раг1и абизег1ан цо-цахъ ралагьун  Рафикги Гуляги тун Халидаги.
-Г1едег1уге, - ян бахъана гьелда хадуб Мурадил гьаракь. – Ма, гьаб т1аде баче, ц1орон буго, - ян танхъинаюна, жиндирго дубленка гьелъухъе бегьулаго,  гьес гьей.
-Баркала. Хинаб жо бихьула гьаб, – ан тамахго гьимана бер щвезабулаго Халида.
-Къаси гьаниб бугеб г1аламго щиб? – ан ц1ехана Мурадица.
-Курсалъул цоялъул къаси гьаюраб къо к1одо гьабулеб рак1а-рахари. Нижги ине колаан. Хинаб буго дур куртка.
-Унго? Дица гьелъул эс гьабулароан. Метер бугеб экзамен ц1акъго зах1матаб бугебищ нужер?
-Гьеч1о.
-Халида, лъалхъе цодагьалъ, - ан Мурадица фойеялъул цояб раг1алда бугеб диваназухъе ячана гьей, - мунгун щуго минуталъ к1алъазе къвариг1ун буго. Гьарула, г1инт1аме дихъ. Рач1а нилъ гьудулзабилъун рук1ине ва гьоркьо-гьоркьор г1аги, замана батун, данде ч1вазе.
-Мурад, дир гьудул вуго. Рафик…Дуда дун бит1ун йич1а. Бокьун гьеч1о г1адада хабар халат гьабизе ва ч1орогоял хьулал рук1ине.
Мурад цо параялъ ясалъухъ валагьун хут1ана, цинги, г1одове вичан к1алъана:
- Бич1ула. Мун ят1алъун йигин абураб жоялъ вук1ана. Дие т1убанго инкар бугоха дур гьеб…Бич1ула. Бугониги цо-цо Рафикгун духъе щвезе изну кье. Гьедин вач1ани рихилищ дун дуда, Халида?
-Щай рихунев, рихиларо, – ян т1аде яхъун къват1ие йилъана гьей  ва хехго хадув  г1унт1ун ва1инев Мурадил галаби лъайгун т1адеги жубана. – Божула дуда дун йит1ун йич1анин.
-Йич1ана, - ян каранде къан хехго к1ут1бузда баун йичан тана гьес тохлъарай яс.
-Мурад! Т1ок1ал гьаруге гьединал жал.
-Т1ассалъугьа, гьарула. Зах1мат буго дуда къочиялдаса инкар гьабизе…
Халида г1ин т1амич1ого машиналъухъе йилъана.
Хадувго щвана Мурадги:
-Халида, мун росасда йик1анин абураб  уябищ колеб?
Ва, Рафикица гьебги бицараб къаг1ида гьасда. Щибизе?!
-У, – ян къокъ гьабуна гьелъ къвариг1араб кассетаялъул пачка машиналъуса къват1ибе босулаго.
Гьелъ эс гьабич1о  хадув жиндаго хъван-хъвач1ого эхетун  вугев Мурадил. «Киналгойищан?» ц1ехезе йорхарай г1адан Мурадица, циндаго, жиндирго карандеги къан халатккун гьелъул к1ут1бузда баана.
Кодор рук1арал кассетал г1одоре гъун ана гьелъухъа, амма х1ухьел босизеян цодагьав Мурад тохлъигун  к1варалъ гьурмалъ хъат  кьабуна гьесул Халидаца:
-Гьелда релъараб батила дур хут1араб гьабулебги…
-Халидка, хехдаруге, гьарула. – ян к1ут1бузда мац1 бахъана гьес. – Зах1мат буго гьайбалъиялда къочинч1ого вук1ине. Берцинай ясалда бер  ч1вани гьаглъула дун, божулищ?- ан цодагьав г1одове вуссинеян кассетал асфальталдаса рищизе жувана гьев. – Щибниги абиларищ? Гьуинлъи дур к1ут1бузул – рак1алда гьеч1о г1умруялда гьединаб уба.
-Данде баче к1ал, Мурад. Мац1ги г1амалалда релъараб бихьула дур.
Халида кьурун юссун общежитиялда йилъана, росасда йик1аралдаса бокьараб гьабизе бегьулел киниги лъугьуна цо-цоял. Ах1макълъи унго Рафикил – лъида щиб бицунев вук1арав гьев.
Т1ок1аб, абураб тункарабали лъаларо, раг1и абич1о Мурадица. Гьел куцал гьарун жанир щваралго  Рафикица т1ехьалда къулараб бет1ерцин борхич1ого абуна:
-Ва, къаси т1ок1аб нужеда бер ч1валин хьулго бук1инч1о  дир. Гьединго рак1алда кун Гуляги ана Анфизалъуе…лъик1 кассетабиг1аги росизе   рак1алда щвараб.
Юц1ух1ун магнитафоналъуб Иринал кассета къазабуна Халидаца: «тункари лъуг1улеб гьеч1о Рафикил, дица гьев вачун вач1арав кинигиян» рак1 бакъвана гьелъул. Бакъаналъул гьаракь бахъигун вальсалъе Халида яхъинайизе цеве эхетана Мурад: машаалагь – «ч1аголъи» г1адамасул. Халидаца инкар гьабич1о, гьадинги хвана гьаб сордо, караб каян. Жиндаго бугеб г1айиб бит1изабулев киниги ц1акъ  берцинго, щибниги къвариг1ел гьеч1олъи бичач1ого кьурдана Мурад. Цинги ячун бак1ида г1одое ч1езе кумекги гьабуна: г1адамазда цеве хьвадизе лъалеб бихьула гьасда. Дир х1ал бихьулев вук1ун ватила гъова азбаралъуван пикрабазда йик1ана Мурадица жиндирго суратазаул, выставкаязул бицунелъухъ г1инт1амун Халида…Портретал рахъизе ц1акъаб пагьму батила гьасул бицанихъе балагьун, жиндирго студия бугев г1адан ресалда ватила, жиндиего сундулъго инкар гьабуларев чиясул буго гьесул г1амал-шамал. Гогьав вук1ин гурони бегьуларев г1олохъанчи вихьуларо Мурад.
Цо щибалиго ургъарав киниги т1ехьги нахъе гьабун цоцае харбида ругел гьездехун вуссана Рафик:
-Мурад, Гуляда хадув ине хиял гьеч1ищ?
Халидада т1ад лъун бугеб гьесул балай бихьигун, бигьаго т1аде вахъана Мурад ва гьимулаго къват1иве вахъана:
-Щай унарев. Гьабсаг1ат вач1ина гьейги вачун.
-Г1едег1уге, - ян т1аде жубана хадуб Рафикица.
Гьеб раг1и рек1ее г1еч1ей Халида к1ут1ун т1аде яхъана, амма Мурадица нуц1а къан бахъигун Рафикица вахъун т1адегун гьелъие къват1ие ине нух куна?
-Кие яхъарай? Щиб, гьанже дун вихьуларев киниги лъугьун йиго мун…Щай юц1ух1ун ч1олей? Халида, дида к 1олеб гьеч1о мун гьеч1ого ч1езе,- ян х1алалъ гьей карандаги къан к1ут1бузда баизеян къеркъана циндаго Рафик.
Амма гьабго щиб сордоян тункун рехана Халидаца гьев, жийгоги йихун лъугьана Рафик нахъехун талун ингун.
-Рак1 хоге. Гьарула. Дие йокьула мун…- къулараб бет1ер борхулеб бук1инч1о гьес.- К1удияв вацасда абун буго инсуда к1алъаян.
-Лъимаца гьаруларел жал гьаризе лъугьун вуго мун гьанже.  Институт лъуг1изабе цин  ч1ужу ячиналъул ургъел гьабизег1ан цебе…Унго дуца щибго ц1алич1ищ экзаменалде?
-Киса, – ян гьимана гьев.
-Бич1уларо дур г1одове виччай, кин к1олеб лъиданиги боржун ч1езе?
-Лъиданиги? Дун дуда боржун вуго. Халида, кин бук1аниги кьела дица сессия – г1адахъ босуге.
-Бахилъула. Дие анищ гьединаб рак1 ч1ей.
-Унго… Халида, яч1а дие росасе. – ян баг1арлъун вахъунаго шурана Рафаэлица.
-Уха, дур экзаменал кьолей йик1инищ? – ан бич1ич1еб хвел гьабуна гьелъ.
-Махсаро  гуро, сессия лъуг1арабго бертин гьабила.
-Раф, г1елаха. Ахирал къояз мун вич1изе зах1малъулев вуго…
-Халидка, гьарула, – ян данде къана гьелъул щиб гьабилеб лъаларого столалда т1ад жен-жендилеб бугеб квер… - рак1 хоге, гьарула.
-Вай! Дур бет1ер сверун батула. Мун   мекъи вуго…
Гьедин цо-цода к1алъалаго танкан рагьун нуц1агун т1аде щвана Гулягун Мурад. Лъидаго бер щвезе теч1ого къват1иве ана Рафик. Ва, гьазул иш лъик1 бихьулароян жанисанго  чирахъ бакараб асар лъугьана Мурадие – бугониги дир хьул ц1илъилин кола. Г1ажаиблъи бахчулеб бук1инч1о Гуляцаги. Циндаго цо щибалиго балъголъи т1атарай киниги берал къапизаризе лъугьана гьей, вай, дир гьаглъи Мурад сабаблъун ватила Рафик гъодин нервный лъугьарав…дун абуни, гьагай жо, дида кана Мурад дир гьудуллъун вук1ине бегьулилан… узухъда Мурад Халида рек1ее г1ун Рафикгун хьвадулев г1адан.
Руц1ух1ун ч1ей ц1акъго халалъулеб бук1ин бич1игун гьимулаго Гуляца абуна:
-Караб жо бугищ, Халида? Рафик…
-Гьеч1о, - ян гьимана х1ал гьабун Халида ва г1одов ч1аян Мурадида бак1 бихьизубуна квер бит1ун. – Гуля, дун чай лъун яч1ина.
-К1варич1о, квал-квал гьабуге.- ян к1алъана Мурад. – Ясал, дун ина.
-Дуе бокьахъе, -ян гьимана «баркалаян» абулеб гьимигун гьесие Халида.
Унгоги къаси жиндир кинабго талих1 къарай киниги х1ал бук1ана Халидада, гьединго х1ок1 бекарай киниги йик1ана  Гуляги.
-Щиб гьаниб караб жо, Халида?
-Лъаларо. Бит1араб. Бич1уларо, Мурад вач1аралдаса Рафик хисун вуго – дида бугеб г1айиб лъаларо, гьале гьанжеги  питна гьабун т1аг1ана. Дудаса, Мурадидаса нечон йиго.
-Мурадихъ мун юссине гурин  ватула, х1акъаб. Г1айиб гьабуге дида, Халида, дида Мурад мунилан вач1ун вук1ин рак1алда цин кеч1о.
-Гьагал жал рицунге, гьадинги къвагьун инеб бугин дир рак1. Дие Мурад къвариг1ун гьеч1о, Рафикица лъай-хъвай гьабизег1ан гьединав г1адан ракьалда вугеблъи лъалароан дида. Дун цох1о рази йик1инаан Мурадилгун дур гьоркъоблъи бук1арабани, амма Мурадие ясал рак1 гъеялъе жал руго, гьелъ абуна нолъ дица дуда киг1анго къог1ал рук1аниги дол раг1аби. Яцалъул бак1алда йиго гьаб чияр шагьаралда мун дие. Гьале цоги сордо т1асса гъоркье инабуна. Рафикил капризал ч1алг1унел руго дида.
-Г1адахъ босуге, Рафик нилъер гьудул вуго. Гьудул данде вачине кола – гьев гьеч1ого дида нилъ рук1унеланго коларо. Цодагьаб т1ехь ц1алун лъик1, - ан букетал столалдасаги росун цох1о бугеб вазаялда къач1ана Гуляца.
-Вай, дида к1очон тана гьел, берцинал т1угьдул рихьула. Розаби, гьал цоял калаби ратилин кола – баркала буго гьезие. Конфеталги рихьула лъик1ал, унго рач1а чай гьекъезе. Гьаб цояб нахъе лъун лъик1, гьаб «Золотые Купола» нилъеца къаси рагьила. Рафикихъ ялагье цониги билетги лъазабич1ого  Мурадгун терелев. Метер щвела аск1ове.
Рафик цеве ватарав васасухъа ц1аги гьарун колидоралъувго сигарета бух1улев вук1ана, киг1ан цо к1алалъ к1алъалел гьал -  гьединго мекъи вугин абун бук1ана к1удияв вацасги…Дир г1айибищ дун гьит1ин  вук1ин…Мурадица гьей ячун инелъухъ валагьун вук1инег1ан хвейго бигьалъилаан дие. Йокьулей г1адан кин к1очон тезаюлей? Бокьун гьеч1о дие гьей к1очон тезе. Аск1о вач1ун эхетана Мурад.
-Рафик, караб жо бугищ? – ан гьесда данде вит1ун къеда вач1ана.
Жавабалъхул бак1алда бакъварабго гьими.
-Замана щванин кола нилъее.
-Г1айиб гурищ. Обжежитиялда г1умро т1ад бан инеб бугин кола.
-Мурад, дир рет1ел босун вач1ани налъулав вук1инаан. – ан сигарета бух1ун бихъинабуна Рафикица.
-Къомех лъик1 гьабич1ого рекъон бук1инаро…
-Мурад, цоги нухалъ…
-Лъик1, - ан  ун заман балелде къвариг1арабги босун щвана:
-Щиб карабали бицинарищ?
-Нахъа, – ян к1ич1изаруна Рафикица к1ут1би, гьабсаг1ат рихун вук1ана гьесда Мурад, амма ях1 гьабулеб бук1ана. Лъица щиб гьабуниги  гьанже талих1 къаравлъун вихьулев вук1ана живго жиндаго. Рах1аталда чайги гьекъон, ясал т1ахьалги кодоре росун бусалъуре рахана ва гьенир макьица тамах гьару-гьарурал чирахъ г1аги свинабич1ого цо-цода хадур кьижун кана.
Рогьалилъ ругьунго т1аде яхъана Гуля, гьелъул ч1уна-хъуниялъ йорч1ана Халидаги. Лъик1аб ах1вал-х1алалда билетал такрар гьаризе журана к1иялго: замана г1адада бичаларин абун. Микьгоялда бащадаб х1алт1игун, Халида нахъойги  т1угьдул росизеян  къват1ие яхъине х1адурлъана.
-Мун ц1алде, дун базаралде ун росун яч1ина. Нек1осал г1адин кеч1ого бук1ине цодагьалъ хехго ина базаралде. Микьго т1убайгун унгоги гьеб рахъалдаса нилъер институталда хьвадулеб рек1унеб жо къанаг1атлъулеб бугин.
«Баркаман» ан кана къват1ий щварай гьелда рак1алда гьава-бакъалъухъ балагьун «г1азуго балареб кьин кинаб бук1унеб». Дое-гьаний балагьич1ого троллейбусалдаса базаралда цее г1одоеги яхъун унаго, нахъаса к1алъараб лъалеб гьаракьалъ танхъинаюна гьей. Унго бохдузда гъоркье т1ирун ана циналъго рух1: Вадим! Вай, цебе ч1араб гьесул машиналда терелги гьабун иней йик1ун йихьуларищ. Жанивги ч1ун велъулев вук1ун ватила гьев дир «бецлъиялда».
-Халида! Салам, - ан гьарзаго гьимулаго машиналъуса къват1ив вахъун вач1ун цеве эхетана Вадим, бет1ер борхизе нечеялъ къуват г1оларого йигей ясалда.
        Абизе раг1и батуларого йигей г1адамалда кана рак1алда «унго гьасдаса бач1инеб бугеб берцинаб духиялъул мах1» киданиги цебе-нахъ ч1ван бук1инч1о Вадимидаса гурони гьединаб мах1. Тамахаб, къалал рух1изарулареб бихьиназул мах1…Мухтарил гьединаб тамахаб бук1инч1о – кидаго духи гьабун хадуб бащадаб саг1аталъ аск1ов къани къалал колаан Халидаца, кеп щун велъулев гьевги вук1унаан ч1ужуялъухъ валагьун…
-Ворч1ами, – ян кин бук1аниги абун бахъана заманалдаса Халидахъа. – Т1угьдул росизе иней йик1ана экзаменалде,  – ян щаялиго гьев жанисанго велъулев ватила дада «кидаго базаралдаса т1угьдул росулей йик1унилан»  нечон ракьулъ т1ерхьинеб х1ал бук1ана гьелда.
Халидада бугеб х1ал бич1араб киниги гьими квезе квеч1о гьесда:
-Халида, т1угьдул дица росун руго, – ан ругьунго пашманго балагьана, г1ажаиблъун жиндихъ ялагьун яч1уней ясалъул бадив Вадим, – рак1алда гьеч1ищ дуца жакъа экзамен бугин дида абураб? Гьелъ мун т1угьдул росине яч1инилан кун дица росун рук1ана, мун нагагь «нек1осал» киниги кват1изе гурилан.
-К1варич1о. Дицаго росила,  – ян х1инкъун лъугьана гьей, щиб гьанже гьасиеги дидаса къвариг1ун бугеб? Дида цо х1алалда экзаменал кьезе теларилан лъугьарав къаг1ида бугин кола Аллагь.
-Т1уризе  х1адурго йик1уна мун кидаго, – ян  машиналъуве вакун ц1а баг1арал берцинго рагьич1ел розабазул букет бегьана гьес Халидахъе. – Гьал къабул гьареян гьарула. Жакъа мун къанаг1ат берцин йиго.
Росилел кин, росич1они «г1алхулай» йигин кела гьесда.
-Баркала, – ян намусго гьимулаго кодоре росана  Халидаца саламатаб розабазул букет – Гьанже дун ина. Баркала розабазухъ.
-Г1едег1уге. Гьарула, рек1а машинаялда, дица минуталда щвезайила мунинституталде. Халида г1емер ургъизе жо щиб? Йилъа, рек1а машиналъуй – дица дудаго росарал т1угьдул рихьизаризе.
Дун караб ах1вал-х1ал, дирго гьабулеб гьабизе тезе бегьуларей къаг1ида, гуро: гьале нечоца холаго расги лъаларев г1адамасда цее эхетун йиго щиб гьабилебали лъаларого.
-Вадим, дун ц1акъ нечон йиго дудаса, бокьун гьеч1о дуе квал-квал гьабизе…
- Дудагоцин лъалареб батила киг1ан мун берцин йигей нечеялда. Халида, кинаб квал-квал бук1унеб: дида колеб буго дица дуе квал-квал гьабулеб бугин – т1ассалъугьа.
Гьел раг1аби абураб гьаракь раг1арабани гамач1ги цин тамахлъиларищха. Халида машиналъуе рек1ана. Бигьагьабун гьелда хадуб нуц1аги къан, Вадим рулалда хадув г1одов ч1ана:
-Экзамен чамалда бугеб?
-Ич1гоялда.
-Т1убараб саг1ат бихьула жеги, кире рук1аниги кофе гьекъезе рилъинищ?
Щай дун гьадин божулей гьесда? Щай гьесул машиналда рек1арай? Хирияв Аллагь, дуе аманат гьабулаха, дирго къуват  дирго кварщаликъ толеб гьеч1ин гьав чияс. Халидаца гьари-рахьи гьабуна К1удиясдехун  жиндихъаго гьабун бажарулеб жо дагьлъулеб бук1ин бич1ун:
-К1варич1о. Дир бот1рол экзамен тун бат1ияб гуреб бицараб эхебе инеб х1ал гьеч1о – биологиялъул ц1ун буго гьеб.
-Бич1ч1ана, киса г1аги мун гьединай?
-Киса? – ян бич1ич1о гьелда, - Кизляралдаса.
-Нолъ цадахъ рук1арал  гьудулзабийищ? – ва Халидал жаваб раг1инег1ан гьелъухъ к1вар кьун валагьун ч1ана.
-Цояв, дунгун кьурдулев вук1арав художник Мурад, яс - гьудул Гуля, Рафик- гьудул – къокъ гьабун бицани…Мурад доб  сордоялъ т1оцеве вихьулев вук1ана.
-Халида, Рафикие мун йокьулей йик1иналдаса    щаклъи лъилниги келаро.
-Вадим, щибизе гьаб хабар? Рич1уларо дур суалазул маг1на, – ан гьесухъ ялагьун ана Халида.
Киназулго цого бицунеб-толеб: рокьи, х1асрат...
-Т1ассалъугьа. Дур х1акъалулъ кинабго лъазе бокьун буго дие.
Циндаго рак1 биххараб х1инкъи лъугьана гьелъул чорхолъ:
-Д-дун ина. Дун х1инкъула дудаса, – ян нуц1а рагьулеб кнопка квашизе лъугьана г1исинкун сородилаго гьей.
-Лъалхъе. Дицаго рагьила. Г1одое юсса. Дун гьедиг1анго квешав вас гьеч1о, Халида. Божа. Бокьилаан мун дир яслъун йик1ани…щай юц1ух1ун ч1олей? Цоги, инкар гьабун т1асса дун вич1улареблъи бич1ани  лъик1ан дуда.
-Дир рос вуго, – ян Вадимил бадий ялагьун бажарана гьелъухъа, амма гьев тамахго «бич1улилан» гьимулев вихьигун бет1ер г1одобе къулана.
Вадимица кнопка цун гьелъул сидение нахъехун бичана, цинги х1алалъ щапизаюн чанго нухалъ ч1уч1адилей йигей г1адамалъул к1ут1бузда баана.
-Бокьараб къадар абе, - ян нилъо тамахго данде къана. – Дир махсараби рук1унаро. Бокьараб  г1арац  кьезе х1адурав вуго…
-Кинаб г1арац? – ан т1асса вич1игун к1ут1ун т1аде яхъана Халида, - дуе гьанир ясик1абазул тукенищ бугеб?!
-Дие йокьун йиго мун дирго рек1ел гъеялъе йик1ине… Дур г1адаб берцинлъиялдаса инкар гьабун бажарулев бихьинчи рак1 маххул бугев вук1ине кколев ватила.
-Вадим, г1ела, - ян чвахун инел маг1ил гарал рац1ана Халидаца. - Лъуг1елго гьеч1еб г1акъубаго щиб? Кинаб берцинлъи?! Дунго дидаго рихун йигеб мехалъ.
-Т1оцебе ясалъ инкар гьабуна дие жакъа. Г1ажаиблъи, - ян костюмалъул чвантиниса бахъун меседил рахас базе жувана гьев Халидал гарбида
-Дие дур бечелъи х1ажат гьеч1о, - базе бичаларин лъугьарай гьей баун тамахлъизаюна гьес.
-Ургъун йихье. Нилъ цадахъ ц1акъ рекъон рук1инаан… Дур   рос шагьаралда ватани цо к1алъазе вихьезе бокьун буго, – ян телефон ва адрес хъвараб ч1ух1ун гьабураб визитка бегьана гьес Халидахъе.
- Гьаглъуге, киг1анха дида нуж рихун ругел, - ан ссун ана Халидал берзул кунч1и. – Х1ал бугев щинас инжит-х1акъир гьайизе йижарай ятила дун.
-Гьеч1о. Дида аск1ой йик1аго, бич1улищ, лъилниги духъ балагьизе     цин къуват г1езе гьеч1о. Божа дида. Къвариг1ани институталдаги цадахъ  хъаравул ч1езавила.
-К1варич1о. Жийго те дун, дие щивниги х1ажат гьеч1о.
-Дица тани, цойгидал рук1унеблъи лъала дуда. Ургъун йихье хехдарич1ого.
-Гьеб дур иш гуро, Вадим.
-Дица рак1 бац1адго абуна, - ан саг1тихъ берги щвезабун машина бакана гьес.
Халидаца ругьун гуреб чияр рахас бахъун сидениялда т1ад лъуна. Вадимиа гьелъул эс гьаби1ин кола. Саг1аталда берги щвезабун машина институталдехун хъамана  гьес.
Минуталда щвана институталде цере.
-Нилъер жеги заман буго. Сундулго ургъел гьабуге. Рак1 хоге дида. Мун молодец йиго. Гьединаб х1алимаб г1амалгун дуе г1умро гьабизе саламатав мугъ ч1вазе аск1ов бихьинчи къвариг1уна. Цо гьимизениги гьиме… дун г1одовичазаве, гьарула.
Бигьагьабун бет1ерги борхун Вадимихъ ялагьана Халида: балаялъул пашманлъи! К1ут1би жеги рух1улел рук1ана  убаялъул  асаралъ. Дир тохлъи: х1асраталъ т1ад ва1ун уба гьабулев гьесул бадий ялагьи – дагьай хут1ана гьений абадиялъ т1ерхьун т1аг1ине, о аналиго секундалъ г1акъло хисанин ин кана берзул т1иналде йортулаго…т1иного бугодай гьел хъах1илалин ин колел, инги  1ах1илалин балагьунщинахъе г1ажаиб гьарулел берал…
Гьес жиндирго гьумералда кверал рахъана, свак инабулеб киниги ва нуц1аги рагьун Халида къват1ие ячана, цинги росун къвал ц1ун т1угьдул кьуна гьелъухъе:
-Экзамен щуйилалда кье, лъик1ищ?
Бук1ана гьеб абиялда рак1 унти, жеги щиб лъалареб, бич1изе зах1матаб т1алаб-агъаз, хинлъи…
Халида абизе раг1иги бати1ого жавабалъе гьимун студентал  ц1алулел корпусалдехун ялагьун йилъана. Унго т1аде бач1араб балагьго щибан пикрабазда, хадув г1унт1ун  жиндие нуц1а рагьулев г1олиласул  санцин гьабич1о гьелъ. Гьев абуни вук1ана Вадимица г1арцухъ курав Халида ц1унулев чи.
…Ана къоял. Ункъабго экзаменги щуйилалда кьун, сессия нухда т1обит1ана гьелъ. Т1оцее к1анц1изе бак1 т1аг1ун йик1унаан  къойил к1иго жинда нахъаса рич1ич1ого цадахъ рук1унел васаздаса. Вадим абуни живгоги щибаб экзамен кьун къват1ий щведал корпусалда цеве ч1ун ватулаан, амма Халида Гулягун лъилго сан гьабич1ого тролейбусалде яхун общежитиялда унаан.
Заочно босани…цинги щиб гьабилеб? Кирго васал гьеч1еб бак1 киса балагьилеб – рокъое юссине рес гьеч1о: жиндир ихтияр гьеч1ого Мухтарие яс унилан жеги эбелалъе г1акъуба гьабулеб бук1ана инсуца, гьелъги батила  ят1алъун яч1арай ясалда  рокъой йилъаян абич1еб. Рокъой йик1аго кин йигониги я-вааз  т1алаб, жидеддаго би1уледухъ т1алаб гьабулеб бук1ун батани, ят1алъаралдаса т1оянго оае иярлъана гьел. Ят1алиги бат1аго гьагго караблъи т1атунеб бук1ана гьелъие мо1ал  гьоркьор ран тун. Г1олохъанлъиялъул  гогьдари… Саратовалдаса  я1ингун росасул доя решт1ана Халида.Мухтарица х1алица цадахъ росизарурал къавул чемоданал Клара-бажул дораго тана ва къоял разег1анго Мах1ачхъалаялда йилъана квартираялъул т1алаб гьабизе ва документал институталде кьезе. Я Клараца,  я Мух1амадица т1оранго т1еялъул хабар г1инда хъвазего теч1о. Г1айиб жинда бугин гьит1инал нуж чидар шагьаралда малъ-хал гьеч1ого жалго тунилан абуна. Мух1амадица Халидада лъазабуна рат1алъи – гьеб нужер к1иязулго иш бугилан, амма гьаб рукъ дурги бугилан ва жидер рак1 бекизабич1ого яслъун хьвадеян… Г1ажаиблъи цониги яцалъ гурх1араб раг1и абич1о. Гьит1иналдасаго бук1араб жах1далъи тушманлъиялда буссана гьезулъ Мухтарица гьей «талих1» гьаюралдаса…Цох1о Мухтарил эбел-эмен хут1ун рук1ана кидаго г1адин мугъ ч1вазе чи, амма каралдаса хадуса щибилан гьезда аск1ой къалей. Т1аде-гъоркье хьвади гурони дир ургъаликье ричан пайда гьеч1о. Цодагьабг1аги ях1 бачич1они намусалъ к1век1и баччун бажаруларелъул…
Диегоги чидаеги г1азабалъе йижун йигин абураб пикру г1емер Г1умродулъ бач1унеб бук1ана пакъиралъул бот1ролъе.
«Хъаравулзабаз» т1убанго гьоркъоблъи хвезабуна Халидал Рафикилгун, кивелиго т1аг1ана Мурадги. Вадимил х1алт1и гьеб бук1ин бач1инахъего бич1ана, амма пайда щиб. Ахирисеб экзамен кьезе Рафик вач1инего вач1инч1о. Рах1ат хварай Халидаца гьесухъе рокъобе к1алъайгун, гьесул эбелалъул трубкаялда  «жиндар вас теян» г1ерг1едулеб гьаракь бахъигун, йихиялъ кодоб бук1араб трубка бортун ана гьелъул хъатиниса.
Хабар гьабигун Гуляца абуна Рафик  лъицаялиго вухун рокъов вегун вугев г1адин бицунеб бук1анилан факультеталда:
-Халида, гьаб щиб жо? Дида щибниги бич1уларо. Кино.
-Рак1алда бугищ Мурад ва Рафикгун нилъ кафеялда рук1араб сордоялъ дунгун цадахъ кьурдарав г1олилав…хъах1илал бералгун, ворхатав. Гьесул «гьудулзабазул» х1алт1и бук1иналда дир щаклъи гьеч1о. Гьал нилъеда хадур раг1ад киниги хьвадулел васал гьеч1ищ – гьалги гьесул г1арцухъ курал г1адамал дун ц1унизе. Гьезул цоясда дица «милициялда лъазабилин» абураб мехалъ вуго «бокьараб гьабеян, жидее мухь мун ц1унаралухъ кьолеб бугилан». Бич1улищ дун  караб жужах1алъул т1ину цин дида жеги бихьулеб гьеч1ин абураб жоялда. Щиб дица гьабилеб гьанже, Гуля?
-Вадимие щиб дудаса къвариг1ун бугеб жо?
-Дур рук1унел суалал, Гуля. Гьевгун данде ч1вазег1аха. Т1ок1аб щиб гьезие ясаздаса х1ажалъилеб. Аллагьасда лъалеб батила киг1ан дида бихьинал рихун ругелали, хвани гурони т1аса унареб балагь буго дие гьел…
-Ах1макъал пикраби бот1ролъе ричаге. Мун дунгун цадахъ росулъе йилъа. Билетал росун руго. Цадахъ вацги ва гьесул ч1ужуги руго нилъеда.. Унгоги дуе гьеб г1азаблъун бук1и бихьула, бич1ула дуда бугеб х1ал…Г1ажаибаб жо буго нилъер г1умро, цоял гьезда хадур инагьдулел, цогидал гьездаса т1ерхьине бак1 батуларого…
-Гьаниса къват1ире нилъ кинан рорч1илел, Гуля?
-Щиб бук1аниги ургъизе ккела. Гурони цо тохаб  жо борч1ани щиб гьабилеб?
-Божизе зах1мат буго нилъехъа т1урун бажариялда, гьел васаз жидеего кьолеб мухь х1алалъилеб къаг1идаялда ц1унулел руго нилъ, премиялъе мустах1икъал руго, тушманал – абизе раг1и гьеч1о!
-К1удияс хъвараб бихьила. Мунги гьеб х1алада общежитиялда тун рокъой т1ад юссине дида к1оларо. Унго нилъеда т1аде бач1араб балагьго щиб?
Кезеги Халидаца абухъе ккана. Автостанциялде щвейгун, вакун вач1ана кисанали лъач1ого «хадувчи». Гьев вихьигун жий Гулягун йорч1улареблъи бич1ана гьелда.
-Дун ина, Гуля, - маг1у бахчизелъун гьудулалдаса доехун юссана гьей. – Г1ададасеб жо – гьел нилъедаса рат1алъуларо. Вацги хъизанги т1аде щвезег1ан ун лъик1 дун, гьезда щибниги жо рак1алда кезе гурин.
-О! Аллагь! Кие мун иней? Духъ г1арацг1аги бугищ?
-К1варич1о. Баркала, Гуля…Гьале машинабиги щвана, - гордехун бет1ер гьабуна Халидаца.
-Унго! Дун инаро – мун гьез… бокьараб  гьабизе нахъе къаларел г1адамалгун тун… - ан к1алъалей Гуля «г1едег1ел гьабе» янги абулаго цо-цада хадур ана рекерахъего (щал лъаларел г1олилаз г1адамазе нух къан бук1ана вокзалалъул зданиялде унезе, милиция цин гьеч1оан кодобе щолелъул – кидаго гьаниса дораса ракарун рук1унел г1адамал!) гьелъул вац ва хъизан. Рак1 т1ет1елеб х1алалда Халидахъги ялагьун, «мук1урго» вацасда хадуй йилъине кумек гьабуна нахъаса рач1ун к1иго г1олилас пакъиралъе.
-Нух бит1аги! – ян хадуб ах1ана Халидаца, бот1родаса бахъун рехана бащадаб гьумер бахчун къан бук1араб кверлъин!
Кисалиго валагьун дида велъулев ватила! Мах1ги жиндие ургъел гье1ин абулеб киниги, сунт1улаго пирожкабазул т1аг1амаб мах1гун къват1ие йилъана: гьале дун! Щаялиго кинабг1аги х1инкъи бук1инч1о гьел минутазда гьелъулъ. Караб кела. Кидаг1аги точка лъеч1ого т1убаларелъул Вадимил «х1аязда». Т1адеги лъик1, жакъа лъела! Гьанив кив вук1аниги машиналъув гьев гьеч1илан коларо, х1атта  ватула иномаркабазул цоялда. Бечелъи ц1акъаб жо. Ах1мадил къват1ул яс тун бат1иял ц1уял жал лъуг1ун ругеб къаг1идаха гьаб ракьалда: гьедин батула – гурони гьазда бач1ун бугеб балагьго щиб? Цересел ункъо-щуго моц1алда цониги ярагьунев г1адан вихьулев вук1инч1ин, цох1о Рафик вук1ана хабар-к1алалъе гьудуллъун… Ва! Гьанир камурал машинаби рихьуларин – рах1ат хвезабун бихьула дици жакъа, бегьулеб батани «т1ассалъугьа» я жиндиего кьог1го гьимана Халида ва цо-к1иго болъодухъа гъоркьеги йилъун церехун ч1ун ругел мерседесазда цее болъодул х1ок1ида т1ад сумкаялдаса босун квербац1ги т1амун г1одое ч1ана хинал бакъул ч1оразе гьумерги беэдулаго. Кино. Т1ок1аб абизе раг1и гьеч1о. Замана щун бугин кола Вадимие цо-к1иго суал кьезе: щив, кисали. Нек1ого замана щун бук1ана бугониги  къвариг1ел гьеч1еб лъай щибизеян гуребани…Гьеб заманалъ киса рач1аралали рач1ун лъабго цыганаз сверун куна Халида
-Ясай! Къисмат бицина… А гьаниса, рос вач1инев вуго хадув…Дуе лъик1лъи ургъулев чи гьеч1о гьанив…дица мекъи пал къот1уларо. Лъе хъатиниб г1арац!
-Дихъ г1арац гьеч1о. Ма, гьаб босе, – ян барахщич1ого Мухтарил чемоданалда бач1ун бук1араб багьаяб кверлъин бегьана Халидаца циганкаялъухъе
-Баркала, ясай! Королал г1емер руго дуда сверун. Г1едег1ил гьабе росгун рекъезе…
Машиналъуса къват1ивги вахъун г1азухъах1аб квербац1 жиндаго аск1об т1амун Вадим г1одов ч1олаго  гьей ругелъул хадур ах1т1елел цыганкаби тун остановкаялде йилъана. Зах1мат бук1ана щай  гьедин  гьабурабали абизе – цыганкабаз росасул ц1ар бахъигун рик1ад ч1ун лъик1ин кун батила.
-Танхъинае, – ян къокъго буюрана Вадимица г1олилазда.
Чаналиго гали бан бахъизег1ан гьез берцинго т1ад юссинаюна.
-Салам, Халида. Гьедиг1ан г1едег1арай кие? – ян х1еренго гьимулаго данде вахъун вач1ана Вадим, – дида абизе бокьараб жого гьеч1ищ?
Гьалъ г1одоб къулараб бет1ерцин борхич1о. Вадимил ишаналъ васал рик1к1алъана.
-Халида, йилъа дица щвезайилин, – ан к1алъалев вугев Вадимил  духиялъул мах1 палун бач1ана   гьесул бух1араб х1ухьелгун жобан Халидаде.
Гьале т1аг1ун унеб бохдузукьа г1одобе рух1, лъале-лъаларедухъ сверулеб бет1ер, кир аралали т1аг1ун ана бот1ролъа пикраби. Йохъ, дие гьаниса иналдаса сабабаб жо бук1инаро:
-Дир  дуда абизе жо гьеч1о, – янги абун къулараб бет1ер борхич1ого бигьагьаюн, 1акъго аск1ов, г1орхъи тун г1агар, эхетун вугев Вадимидаса рик1алъана гьей – гьабсаг1ат танхъинайич1ониян, соролел бохдул, къват1ибе к1ан1изе нух балагьулеб рак1- к1овухъе рик1к1ад…
Остановкаялда номералъухъ цин ялагьич1ого цебе батараб автобусалда яхана Халида копеек г1арац кодоб гьеч1оян нечолаго ва ургъалида. Херай ч1ужуг1адан киниги ч1обогояб бак1 балагьун г1одое ч1ана. Ч1амуч1лъи, свак т1обит1ина гьелъул къаракъаялда. Аск1ое ине бегьулев вук1арав Рафикидасаги ят1а гьаюна…Заманалдаса лъалареб бак1алдаса автобус инеб бук1ин х1исаб гьабун кондукторасухъе йилъана Халида:
-Г1айиб гьабуге, дихъ г1арац гьеч1о рек1аралъухъ кьезе.
Данде чалухго аск1овго рулалда хадув вугев водителас махсаро гьебуна:
-Берцинлъиялъе г1арац къвариг1унароян.
Амма гьеб параялда нахъаса вач1ун «хадув чияс» кьуна гьезухъе г1арац:
-К1иязухъеянго, – абун.
Г1одоеги рещт1ун Халида гьесухъ ялагьун ч1ана:
-Баркала, унгоги дихъ гъурущ г1анаб г1арац гьеч1о. Стипендия щварабго кьела.
-Талих1ав вуго сундуениги кумекалъе ватиялдаса. Г1иси-бикъинаб жоялъул бицунге…
-Ц1ар щиб дуда? Гьалгощинал къояз рихьулел ругониги Вадимица г1асилъизайигун нужеда бец1ун кколеб бугин дихъа, – ян бакъварабго гьими гьабуна гьелъ   г1олиласул бадий ялагьулаго.
-Х1ажи, – ян тамахго гьимана гьев. – Цо  суал бегьилищ, киг1анго дуда к1алъазе  гьукъаниги.
-Унго?
-Рокъосезда щай дуца абулареб?
-Рокъосел?…дир щивниги чи гьеч1о кумекалъе аск1ое ине. Росадасаги ят1алъун яч1ун йик1ана дун гьание. Рук1арал гьудулзабиги нужер кумекалдалъун лъуг1ана. Х1ажи! Кидалъизег1ан дие гьаб г1азаб бук1ине бугеб? Дун свакан йигеб куц.
-Гурх1ула. Вадимица дудаса инкар гьабилин коларо дида, гьединав чи гьеч1о гьев. Гьанже мун общежитиялдейиш?
-У. Т1ок1ай ине бак1, я мугъ ч1вазе чи гьеч1о, - ян маг1у хулана гьелъул бадиб.
-Дида лъаларо щиб гьабилебали, лъик1 бук1инаан мун гьаниса нахъе ани.
-Кие дун иней, Х1ажи! Гьанжеги институтги рехун тун. Кие щваниги буго дие  васаздаса г1азаб…
-Росгун рекъезе рес гьеч1ищ? Гьес т1алаб гьабилаан дур.
-Унго талих1 къайго щиб дир. Жакъа Гулягун йорч1ун г1аги йик1араяни.
-Г1адада, гьенирги наж рук1инаан цадахъ. Дица такси квелин…
-К1варич1о, рилъа гьадинго. Рихун бугин общежитие.
-Рилъаха. Вадимие мук1урлъизе щай бокьун гьеч1еб? Чанги ясал холел руго гьесда хадур. Дудагоги лъала.
-Щибизе дие Вадим къвариг1ун вугев? Дие гьанже анц1ила анкьго сон буго. Институтги лъуг1ун учительницалъун х1алт1изе – т1ок1аб гьарулеб жо бук1инч1о  дица къисматалдаса. Цин Вадим, хадуй…къват1ул яс…
-Бич1ула. Чанги зах1мат бук1ина дуе г1умродулъ, къанаг1атаб берцинлъи ва гьединго къанаг1ат х1алимаб г1амал бихьула дур.
-Х1ажи, къаси общежитиялда нужер щив вук1унев?
-Лъаларо, Вадимица график жиндирго охранаялъул бокьахъе хисизабула.
-А. Рафик квешгойиш нужеца вухарав?
-Рафик абулев?
-Цадахъ ц1алулев вас. Вадимида ниж кафеялда цадахъ рихьун рук1ана.
-А! Гьеч1о ургъел кезесеб жо. Дудаса ват1алъеян абигун инкар гьабуна, цинги нижер т1ок1аб рес бук1инч1о…
-Нужер г1ассилъи. Гьедин щвараб мухьги…Вадим живго щиб ишалъул чи?
-Бизнесмен, т1ок1аб жо лъаларо.
-Гьев Дагъистаналдаса вугин колищ дуда? Дун божулей гьеч1ин, киса гьев гьанив вач1аравали, гьанив г1урасул гьеч1о гьесул хьвади-ч1вади. Бич1улищ дица абулеб?
-Бицунеб бук1ана кидаго Италиялдаса рук1унин гьесухъе телефоналдаса к1алъай абун. Мац1 бац1ад гьезул къаг1идаялъ бицунеб бугеб г1адин гьес. Вореха, нилъедаго гьоркьоб те, гьарула.
-Лъик1. Х1ажи, дуе бат1алъи батич1они рилъа Пушкинил паркалде.
-Вохуца холаго. Цох1о к1алъазе кола, – ян курткаялъул чвантиниса бахъун хъатиниб унеб ингилаб трубкаялдаса «Пушкинил парк» къокъ абуна гьес. – Жакъаялдаса нахъе жиндихъ лъазабеян дур кинабго гали байян лъазабуна радал гьес. Халида, йилъа дунгун кваназе.
-Баркала. К1варич1о. Бокьун батани мунго а, дун гьаниса-г1ебеде йик1ина: ургъел гьабуге – дир гьанже ине бак1 гьеч1о. Гьеб гуребги, бокьун гьеч1о Вадимил г1арцуда хъвараб жо. Гьарула, мекъи бихьугеян, дуда тункизе абулеб жо гуро.
-Т1ассалъугьа, – ян лъалаго намуслъана Х1ажи жиндирго г1ураб г1арац гьеч1еблъиялдаса.
Аб-доб бицунаго къо бакъинег1ан ралъдал раг1алда хут1ана гьел. Киг1ан ракъун ругониги цоцада х1ал лъазе толарого руссана общежитиялда ва руц1ц1ух1ун, хисизе вач1арав васасул щаклъи ккеларедухъ рат1алъана. Рокъое щун тун Халидал рак1 бух1ана Х1ажица кьолеб г1арац босич1еблъиялдаса. Мискинав г1ан чиясул рук1унел ратила г1адалал ч1ух1иял…Пакъир гьесда бук1араб  х1ал жиндирго г1арац кодоб гьеч1еблъиялдаса нечон. Сахаватав г1олилав ватилин кола, г1аруе г1оло анги х1алт1уде мук1урлъулел ратила  васал, Вадимил мухь  живго киниги  гьарзаяб батиларищха…Италиялда к1алъалила, унго итальяне вати1они, ояб рахъалдаса итальяназда лъаларищ бусурбан ясал жидее гуреблъи, тамашалъи…гьел католикал, гьезие нилъ бегьулел, у гъезие бат1алъиго батиларо – рокьи кани гурони... Нилъер ясазе бусурбан г1адан гурони бегьулареб х1акъ… иганка г1адада ятиларо гурх1арав аллагьас дида  данде 1вазаюрай…Дагъистаналда гьалгощинал мо1азул халалъиялда гьес балагьулеб щиб? Бизнесин гуродай? Гьанир  жеги ругьунго Совет х1укуматалъул рук1а-рахъиналда ругел г1адамалгун кинаб бизнес бук1ине бегьулеб?  Дирго г1айиб, о г1одой 1ун гьевгун  хабар гьабизе 1ух1ана, гуребани жакъа кинабго лъалеб батилаан…
Общежитие лъалаго ч1обоголъун бугоан, сессия кьура-кьурал рокъоре руссингун ун ругоан.
Ругьунабго джинсалъул т1ажу ва футболкаги рет1ун Халида рукъ бак1аризе жуяна: х1алт1улъ ракъи ва бет1ер унтулел пикраби к1очон телин хьулалда. Кроватал доре-гьанире ц1алеб хъуялда цоц1ул нуц1идаги к1ут1ун жанив вач1ана  къасисев «хадувчи»:
-Т1ассалъугьа. Бегьилищ? – ан абуна цо залимав  шкаф киниги къаркъалаялъул г1олилас.
Ва! Гьав дун х1инкъиялъе вит1ун вук1ин х1акъаб. Дир рак1 къвагьуларищали х1ал бихьизе.
-Къвариг1ел батич1они – дун рукъ бац1уней йигоха.
-Бихье кумек гьабизе, - ян бубудилаго, улаъараб оцол киниги  г1алхулал бералги ц1унц1ра асаралда цее эхетун йихьулей йигей ясалда лъун, жанибехун гали бана гьес.
-К1варич1о. Бегьулеб батани дида вихьуларелъув ч1аян гьарула, - ян жиндирго  гьабулелда юссана Халида.
Амма киса: гьесда абураб жо анкьидаса гурони эхебе унареб х1исаб  бук1ана. Машаалагь,  гьасие гьарзаго кьун  бихьула К1удияс къаркъала, гьан-ц1а.
-Ине бегьилалаян абунаха дица дуда, - ян кьварана Халидал гьаракь.
Чаналиго минутаздаса к1вах1алго къват1иве лъугьун ана гьев ва рукъ бац1ун лъуг1инег1ан т1ок1ав аск1ове вач1инилан хиял гьабич1о. Цощинай цим бахъун дун жиндихъего к1алъазайизе къвариг1ун батич1они Вадимие. Гьагал пикраби, дида рег1ун ватила гьев. Ирга щварав валагьизавун ватила…
Рукъги кенч1езабун, Халида ц1ализе художественныял т1ахьал щвелародаян гъоркьа этажалде йилъана. Хадув «гьудулги» вук1ана. Лъалел студентазухъа щугог1ан ц1ализе т1ахьалги рак1арун  т1аде юссана: гьанже анкьалъ рак1 гъезе жониги бук1инилан. Т1ахьалги столалда т1ад лъун жеги хехго заман бихьулилан х1амамалде йилъана Халида. Хадувго рек1ана раг1адги.
-Дун х1амамалда уней йиго гьенивгийищ цадахъ вилъинев?
-Бат1алъи гьеч1о. Дун  къват1ив ч1ела духъ балагьун.
-Хьул буго жаниве вилъинч1ого вук1инег1аги дур г1акълу г1елилан.
Абун бахъиналде рак1ги бух1ана Халидал: г1адан валъаргъулев г1адат бук1ин1о гури дилъ нек1о, вай адалай жо лъугьине хъин ин гье1одай ощинай къисматалъул к1век1иялъ к1ек1унилан…
…Общежитиялда къват1ие яхъинч1ого ана жеги лъабго къо. Зама-заманалдаса лавровый т1амах, ц1ам гьалараб лъимги гьекъон.  Нахъияб къоялъ кроваталдаса гъоркьего рещт1инч1о гъарим. Х1ажица бач1араб чадида, колбаслда, пихъида квер бегьич1о гьелъ. Гордуда бан одеялогун, бец1аб рокъоб кроваталда рехахъего  инел рук1ана саг1тал.
Ункъабилеб къоялъ вач1ана рокъове жаниве лъугьун Х1ажи. Бит1араб биани халидаа щив ва1унев вугевали х1исаб таралдаса къоял рук1ана. Рестораналдаса кваназе жоги бугоан босун:
-Халида, гьедин бегьуларо. Яхъа кваназе. Гьаб дица босараб буго. Вадимил гъурущ хъвач1о – эбелалъухъа босана, дуе г1оло.
Х1ажи!? К1алъазе бокьун гье1еб ку. Рекъон гье1о ю1ух1ун 1езеги:
-Те дун… щибниги бокьун гьеч1о, ругьунлъун ятила, кваназе хиялго гьеч1о.
-Гьедин бегьуларо, цох1о гьаниехун юсса, - ян кроваталдехун аналиго гали босана Х1ажиа.
-Щибизе. Х1ажи? Бокьани  бак1алда санаг1ат гьабе дуего, гьарула, т1амуге к1алъазе…
- Халида, г1инт1аме одагьалъ дихъ, дун еве рокъове жаниве лъугьунев вук1ин1елъул… дун дуе «чемодан» босун вач1ун вуго, – ян релъиялда релъинч1еб жо гьабуна Х1ажица, - Диде кана гьеб босун вач1ине…
-Дир чемодан буго…Жакъа мунищ гьанив вугев?
-У. Мун гьал къояз т1адего яхъинч1ейищ? Гьаб къаси анц1го т1убараб замана буго…
Халида данде к1алъач1ого ч1ейгун, бигьагьабун къеда квашун лампочка бакана ва т1аса гъоркье юссун йигей яс кодое йосун каранде къана Х1ажица:
-Гьит1ин…гьит1ин, – ан шурулаго.
Амма ч1амуч1лъи тун бат1ияб асар гьелъул бадиб бихьич1о Х1ажида.
-Х1ажи, квен нахъе босе, - ян ракъварал к1ут1би рич1инаруна х1алихъе. – Щибизе гьеб бач1араб? Мах1 квеш ч1валеб буго дида.
-Хирияв Аллагь гьаб къо дудаго ч1езабизе кани.
-Унгоги гьагъаб жо чемодан бугин кола, дун жаний лъезейищ? – ан заг1ипго гьимана гъоркьа т1аде гьесул бадиеги балагьун Халида.
Кодое ковухъе ясгун рукъ бакьулъ эхетун вугев Х1ажил бет1ер сверулеб бук1ана Халидал аск1облъиялдаса. Ясги мук1урго йигин кана гьесда о аналиго секундалъ жиндир кодой йик1ине…Халидал бер кана беринаб т1угьдузул букеталда.
-Гьал т1угьдул?
Амма Х1ажида раг1и1ин кола суал.
-Яч1а цин кваназе, – ян  гьелда къочич1ого вук1ун ях1 гьабун бажарулеб гьеч1олъи якъинлъигун бак1ида столалда нахъа г1одой ч1езаюна жинда бак1лъиго гье1ин колей яс.
-Дица щибниги кваналаро. Цин дуца дир суалазе жаваб  кье.
-Лъик1…Кват1ич1ого мунгун данделъизе рак1алда бугин кола Вадимида, дида гьедин рак1алда кола. Чемоданалъуб ручабазул шуба, колье, гьединал   жал ратула. Нилъер г1адаталда рекъон бугин кола гьес дуе гьеб гьабулеб бугеб. Бит1ун бицани, дида лъалеб жо дагьаб бугелъул.
Киг1ан жинда х1ал гьабуниги, Халидада беринго би1и1о Х1ажиа биунеб. Би1ун хадуса гьелъ абуна:
-Рег1иго щиб г1адамасул. Хабалъе дун инч1ого г1одове вуссине рак1алда гьеч1ин кола гьесда.. Г1арцуца кинабго т1убалеб уммат… Цойгидалъе киг1ан рохи, талих1 бук1инаан гьеб босун ун вук1аравани Вадимидаса, гуро – дие г1азабалъе бач1ине хъван бук1ун буго, - ян столалда нахъасаги яхъун талталдилаго кроваталда г1одой ч1ана к1алъаялъ рух1далъарай гьей.
Стол ц1ун т1ибит1арал ниг1матазул мах1алъ ях1 лъуг1инабулеб бук1ана.
-Дур бит1араб буго. Каникулал лъуг1ине чан къо хут1араб? Гулягун цадахъ бигьа бук1инаан дуе.
-Жакъа чанабилеб къо?
-Анц1ила ич1абилеб.
-А. Жеги къоял руго…Нужеца къаси кьижич1ого ях1  кин гьабулеб?
-Ругьунлъун ратила, санго гьабуларо,- ян аск1ове кроваталда г1одов ч1ана; ях1 гьабизе к1веч1ого гьелъул хъах1ал расазда квер бахъана, - дун вук1ана гьал релъарал ратилилан.
-Мухтарие унаго кана гьедин…
-Т1ассалъугьа, бич1ич1о. Мун х1алихъейищ гьесие кьурай?
-У…хьул къот1араб мехалъ инжит гьаюна гьес дун. Цинги… щиб гьабуниги бат1алъи бук1инч1о дие…
-Кидаго божилароан. Берцинал ясал бат1аго талих1аб г1умро бук1унин кколаан дида…Щибг1аги гьабизе к1унгут1иялъ мугъ бекун буго дир. Мунги ячун шагьар тун ани, гьанжесал эбел рак1 кьвагьун хвела. Гьаний мун ц1унун аллагьасдаги бажариларо.
-Г1адахъ босуге, Х1ажи. Щибасул къисмат. Мун бандитищ?
-Вук1ана. Вадимихъе кезег1ан – гьесие гьединал жал рокьуларо: гьесул охранаялда рах1азе щварал васал г1орхъи тун бечелъула къокъабго заманаялда. Къват1исел х1укуматазда ине рес бук1уна. Гьаб шагьаралда ханзабилъун рахъуна…
-Бич1ана, – ян къедахун юссун егана Халида.
Т1аде вахъун Х1ажица чемодан нуц1ил к1алт1аса босун Гулял кроваталда лъуна ва столалдаса квен-т1ех берцинго бак1арана цойилъе… Циндаго жанив вач1ана Вадим. Х1ажихъа  вихиялъ кодоб бук1араб т1угьдул лъолеб ваза г1одоб реч1ун бекун ана.
-Аллагьасе г1оло, цеве балагье, Х1ажи, Вадимил посуда бец1изе  ресалда гьеч1ин дун.
Киса-кибего берги щвезабун, хаган эхетун вугев Х1ажида  Вадимица «т1аг1аян» ишан гьабуна.
Я Х1ажида, я Халидада лъалароан гьезул гара-ч1вари Вадимица машиналъувги  ч1ун г1инт1амун бук1ин.
Къалеб  нуц1аялъул гьаракъ бахъигун щибго лъаларей Халидаца ах1ана:
-Мун уневищ вугев? Чирахъ свинабун те! – ян ва  х1алакълъиялъ т1еренлъараб лъимадул киниги квералъ жиндаго гъоркьанги бахъун къандалъо бет1ералда ц1ана. Цо чаналиго секундалъ гьеб лъолаго бет1ер борхигун гьелда цо  лъалеб къанаг1атаб бихьиназул духиялъул мах1 ч1ванин кана…
Нуц1аги щула гьабун кроваталде аск1ове вилъана Вадим.
-Щибниги къвариг1унищ? – ан х1ат1ил гьаракь раг1игун бет1ер борхана  Халидаца ва бихьулелда божуларого хут1ана.
Жиндаго лъач1ого къеда цун унаго лъукъараб т1инч1алъул киниги къокъабго гьаракь борч1ун ана гьелъухъа.
-Т1ассалъугьа, – ян к1арчамго гьимулаго кроваталда цеве к1усана Вадим, - Х1инкъуге. Дун дуе квешлъи гьабизе вач1ун гьеч1о.
Амма бицунеб я раг1унеб я бич1улеб х1исаб бук1инч1о пуланалда. Къеда рек1ун х1ат1ул кьераб гьумергун сородилей йик1ана гьей.
Гьелда бугеб къо бихьигун щиб гьабилебали лъаларого цодагьав вихун кун т1аде вахъун столалда т1аса босун шампанскиялъул шиша рагьун к1иго бокал ц1езабуна гьес: г1ажаиблъи гъодиг1ан дидаса х1инкъизе кани: цо бер ч1вани хадур ралагьулел ручабиги гьейги…
-Х1ал бихье. Бигьалъи бач1уна, - янги абун цояб бокал бегьана гьес ясалъухъе.
Амма гьей лъалаго юк1к1ун ана ва ч1амуч1го берал къанщана.
Цодагьалъ ч1унги хут1ун, сундулалиго х1исаб гьабулеб киниги, бокалалги столалда лъун, кроваталдаса гьей хапун кодое йосана:
-Унго, мун хисун йигей куц…гьаб щиб карат1 дуда батараб г1умру гьабизе? Дир гьит1ин…общежитиялда  яхчун т1оялинищ йик1арай, - ян  т1адагьаб къаркъала хирадго каранде къана Вадимица ва чанго нухалъ расазда баана. – Мун бергьана, дуца хадув вач1инавуна дун. Гьединай цодагьайги хирияй йиго дие мун…
-Вадим, те дун. Накабазда ч1ун гьарула,– ян т1оцересел раг1аби абун бажарана Халидахъа.
-Бокьараб абе, т1убала. Дудаса инкар гьабизе к1оларо.
Халида юц1ух1ун ч1ана, г1адада к1алъан пайда гьеч1еблъи якъинлъигун. Пашманго гьелъухъ валагьун заманалъ раг1и Вадимицаги абич1о.
-Мун гьаниве щибизе вач1арав?
-Дун ч1алг1ун вуго духъ. Дие х1ажат йиго мун ц1акъго.
-Лъик1 буго. Т1ок1аб дида абизе жо батич1они, дун егилаан. Цодагьай свакан йиго… Сайгъаталги к1очон тоге.
-Мун дида елъулейищ?
-Дида гьединаб раг1и лъаларо, - ян бет1ер къулана Халидаца, жиндир ахирисеб сордо батилин гьабан рак1алдеги кун.
-Мун йихьаралдасаго болъголъи йиго дие. Хвезе х1адурарай ч1ужуялъул киниги буго дур балагьи гьабсаг1ат, - ан кроваталда санаг1аталда егизаюна Вадимица гьей ва т1ат1алаго к1иябго бокал ч1обого гьабуна кроваталда егарай ясалде мугъги рехун.
-Дуе гьелъул ургъел  коге, бокал кье, - ян жанисан ургьимесалда  щун ц1оролаго циндаго к1алъана Халида.
Цодагьав г1ажаиблъун вук1аниги ц1ун бокал бегьана гьес гьелъухъе. Халидаца хъант1ан гьекъон бахъинабуна кодобе щвейгун гьеб:
-Цоги.
-У-у. Т1ок1аб дуе бегьуларо, - ян столалъухъе уней г1адан гъеж кун кун ч1езаюна  Вадимица гьей.
-Йччай дун. Халида дуе щвеларо – раг1и кьола…
-Абуге гьедин.
-Дуда бич1ич1о. Берцинаб ва пасатаб къаркъала г1ела дуе.
-Г1ела. Гьекъоге т1ок1аб, - ан рах1ат хун коньякалъул шиша кодоса босана гьелъухъа. Унгоги мехтараб къаркъала, гьведа ракьа киниги, цебе рехулеб бук1ана гьесда Халидаца.
-О! Цо нусго грамм коньякалъул! Т1убараб талих1алъе, цинги дур шуба гьеч1ониги ц1ороларо нилъ, - ан гьимиялда к1ич1изабун к1алгун рюмка гьекъана Вадимида цееги эхетун ва ч1обогояб кванил рукъ бух1иялъ бадисан канлъиги т1аг1ун сук1-сук1ун ине лъугьана.
Вадимица хапун ячун кроваталда егизаюна: гьей лъавуда гьеч1оан. Хехго чвантиниса телефонги бахъун скорый ах1ана. Киданиги гуреб  къаг1идалда гьебго минуталда т1аде щвана врач, медсестра. Кванил рукъ дарабазги чурун, якъиялъ заг1иплъун йигин больницаялде  ячинищан Вадимихъ валагьун ч1ана врач. Рач1аразул г1ажаиблъиялъе г1орхъи бук1инч1о: общежитиялъул мискинаб рукъ, стол ц1ураб ниг1матал, кроваталда рагьун лъураб чемодан, т1угьдузул корзина, ч1ух1арав г1олилав.
-К1варич1о. Баркала, – ян г1арац чвантиниб къазабуна к1иязухъго.
Цоцахъги балагьун гьел ана.
Цодагьаб бигьалъи бач1ингун Халидаца берал рагьана ва Вадимихъ ялагьун абуна:
-А гьаниса. Гьарула. Дие зах1мат буго мун вихьизе.
-Мадар бугищ дуе? Т1ассалъугьа дидаса. Гьабсаг1ат ина. Гьедиг1ан ц1акъ дуе рихилин абун вук1инч1о дун. Т1ок1аб квал-квал гьабиларо. Къо-мех лъик1, - ан дубленка кодобе босана гьес.
-Баркала, Вадим.
Цодагьалъ гьалгъан Халидахъ валагьун хут1ана гьев, цинги, чемоданалъуса      босун берал рух1иледухъ кенч1елеб колье одеялолда т1ад лъуна: - Рак1алде щвеялъе те. Цониги дир сайигъат къабул гьабе бегьулеб батани.
-Дида мун гьадинги к1оченаро.
-Цох1о баизе ихтияр кьеларищ?
Халидаца юц1ух1ун берал къанщана, халаткун к1ут1буздаги баун пашманго ахирисеб нухалъ сверухъ берги щвезабун Вадим къват1иве вилъана.
Цо раг1и, яги гьит1инабго гьаракь, угьун х1ухьел бихъинародаян хьул нуц1а къайгун къот1ана гьесулъ.
Цин кьижун, цин йорч1ун рогьана Халидаца сордо. Радал х1алихъего т1аде яхъун, къват1ие якана Х1ажи гьеч1одаян. Г1едег1ич1ого т1оцебесеб этажалде решт1ана, фоейялъуса Рафикихъе к1алъазеян. Болъодухъа гъоркье рещт1уней Халидада бугеб х1ал бихьигун данде екерун щвана вахтер Шура-бажу ва телефоналъухъе щвезег1ан ккун кумек гьабуна. Радал цудунго заман бук1иналъул эсцин гьабич1о Халидаца.Талих1лъ Рафикица жинцаго босана трубка кодобе:
-…Алло. Раф дун йиго…вихьизе къваригун вуго… гьеч1о, лъик1. Тана, - ян трубкаги г1одоб лъун т1убанго х1ал лъуг1улаго Халида Шура-бажудехун юссун к1алъана:
-Шура-бажу! Бегьулеб батани йилъа дунгун …
-Лъик1, дир яс, – ан тириго кодоб хьухьулеб бук1арабги лъун   яхъун ун къват1ибехун бугеб нуц1а нахъаса рахана.
К1одоца кумек гьабуна Халидае т1аде щвезег1ан. Жание щвейгун йих-йихун лъугьана Шура-к1одо:
-Мун гьарун г1адамалищ рач1ун рук1арал, пулан?
-У, Шура-бажу. Гьаб столалда бугеб квен-т1ех босе дуего. Квер хъвач1еб буго кинабго.
-Машааллагь, машааллагь! Талих1ай йиго мун. Бечедав чиясе уней йихьула…Гьаниб камураб ниг1матго гьеч1огури, - ян т1ибит1аралухъ бер бихана гьелъул.
-Кинабго босе. Посудаги цадахъ.
…Гьеб заманалъ машиналъув рек1аралдаса шурич1ого хут1арав Вадим вук1ана гьезул к1алъаялъухъ г1инт1амун. Раг1и хвезабизе бокьун гьеч1еб куц…жеги кват1ун гьеч1оян пикрабазда вас-васдулев…
-Баркала, пихъ толеб буго. Дуцаго кванай бадиб кьерго гьеч1ин.
-Тоге. Щибго х1ажат гьеч1о дие. Шура-бажу, дол гьанир рук1арал васал кида гьаниса аралали лъаларищ?
-Дуца абулел?
-У.
-Жакъа радал цояв къват1иве инев вихьана, т1ок1ав т1ад вуссунев вихьич1ин кола. Мун рокъой инч1огонищ хут1арай: к1ийилаб кун батани дир институталда лъалей г1адан йиго дун к1алъалаан гьелда.
-Баркала. Сессия квал-квал гьеч1ого т1убана. Дир ине бак1 гьеч1о.
-Вай, дир пакъир, бесадалайищ мун? Бакъанида дежурство лъуг1арабго дунгун йилъине х1адуре. Дядя Мишаги кутакалда вохила хабар-к1алалъе мун нижехъ йигони. Лъик1ищ? – ан к1вараб жо столалдаса бак1арун къват1ибехун нух босана Шураца.
Гьелъул хабар ч1алг1арай Халида х1алихъего ч1ана егич1ого ях1 гьабун Рафикихъ ялагьун.
…Вадим жеги инч1ого пикрабазда вук1ана. Дицаго хвезабуна г1едег1ун кинабго. Халидае мугъ ч1вазе дун г1адав чи къвариг1ун вуго, х1акъаб. Щибниги гьелъул х1акъалъулъ лъаларого ругезасдаги ят1а гьаюна дица, кинаб тохлъи… «ине бак1 гьеч1о», уборщицаялъ ц1ехараб «бесдалайищ» гьелъ жаваб гьеч1ого тана, унго дол хъах1ал расал, кин дун кант1ич1ев: нахъа мугъ ч1вазе чаг1и рук1аралани гьединай яс общежитиялда тезе рес бук1инч1о. Вач1инахъего дицаго рик1к1ад гьаюна гьей. Унго королевалъул рак1, ч1ух1и. Халида бат1аяй йиго, жеги кват1ун гьеч1о…
Вадимил машиналда цебе жиндирго волгаги лъун, г1едег1ун общежитиялда ана Рафик. Вадимил машиналъул эсцин  гьабич1о гьес.
Гьалеха, дица «хъаравулъи» нахъе гьабураблъи бич1ун батула гьелда. Халида… Халида… Моникагун ват1алъаралдаса ручабигун  талих1 къан буго дие. Мунагьал чураги дур, Моника, гьабе дие кумек, гьарула. Гьабе дие кумек, щулалъи къвариг1ун буго… Бигьагьабун машинаги бакун Вадим нахъе вилъана. Заманалъ кинабго мухъде бач1ине бегьулилан рек1ее макруги гьабулаго.
Нуц1ихъан жаниве Рафик вакигун лъалаго бадиб къер хисана Халидал.
-Мун гьеч1ого бугеб квеш, – ан гьаракъ борч1анин кана жиндихъанго гьелда, амма Рафикида гьелъ абураб х1алихъего раг1ана.
-Дуе лъугьараб щиб? Унтунищ? - ан гордоса покрывалоги нахъе бахъун рехун ва канц1акъ юк1к1арай Халидада аск1ов г1одов ч1ана. – Дун вук1ана мун киениги ун ятилин каникулазда. Жакъалъизег1ан телефоналъ к1алъазег1аги бегьуларогонищ бук1араб? Дур гьурмада кьерго хут1ун гьеч1ин, Халида. Щиб гьаниб бук1араб?
-Раф, т1ассалъугьа дидаса. Гуляца бицун лъана…
-К1очон тана. Кинав дур рос вук1арав?
-Рос?! Рак1алда бугищ кафеялда дунгун кьурдулев вук1арав г1олилав – досул      х1алт1и.
-О! – ян зарал данде къана гьес. – Дур рос ватилилан гуревани…
-Раф, гьарула. Нилъер гьудулъиялъе г1оло. Баркала вач1аралъухъ.
-Дие йокьула мун… дун щаклъизе цин щаклъич1о дур рос дозул цояв  вук1иналда – мац1 гьабун батилилан г1енекун ч1ана, дуда хадув вач1арав г1адамасда…унго дир ах1макълъи!
Халида ругьунго юц1ух1ун г1инт1амун йик1ана: гьанже кинабго мухъда ина – киг1анго намуслъаниги цо к1икъоялда анц1го гъурущ Рафаэлида гьарила. Каникулал лъуг1улел руго, к1варич1о гьел бащадаб соналъ балагьун ч1арал къоял  гьадин г1азабалда арал…
-Раф, дир т1ок1ав г1адан гьеч1о гьаб шагьаралда мугъ ч1вазе… Рос ят1алъаралдаса дида т1ок1ав бер ч1ван вихьич1о…Цо суал бегьилищ? Эбелалда дун сабаблъун доб карабали киса лъараб? Дун к1алъайгун гьелъ «дир вас теян» ах1ун трубка рехана.
-А. Дол къояз лъица дун ц1еханиги г1асилъулей йик1ана гьей. Гьелда щибго лъаларо. Г1адахъ босуге.
-Бук1араб лъик1, циндаго балагь решт1инч1****и. Нолъ, талих1алъ, ахирисеб точка лъуна. Дида бук1араб ургъел. Мурад  щибулев вугев?
-Агь, Италиялда ана. Анкьниги батила. Гьесул ч1араб замана къанаг1ат бук1уна.
-Унго бажарич1о гьесул суратазухъ балагьизе ине…
-Кида-къадги дихъе щвелев ватилин гьев…- ан рек1ел бух1и г1одобе буссунеб бук1инч1о гьесулъ Халидал рос гуревлъи лъайгун.
-Гьарула, г1одове виччай. Вадим квешав г1адан гьеч1о, г1арцуца цуллъи гурони.
-Гьаб къайи?
-Кин т1ад бусинебали лъаларо. Нолъ «чемодан» босун вач1ун вук1ана гьев.
-Квеш бихьуларо, – ян т1аде вахъун шуба рич1а-рихана Рафикица, цинги кольеялъул коробка рагьана. – Молодец. Гьесда лъан бихьула вач1ине. Долларазул пачкаби…гьагай жо йиго мун, Халида.
-Щай? Мухтарилги щибго камураб жо бук1инч1о, амма гьале щуябго къо чед босизе копеек гьеч1ого…
-Нилъеразул гуреб бечелъи буго гьаб. Крез вач1ун вук1арав къаг1ида!
-Г1ела, Раф.
-Дур бак1алда цогидай гьесул хьитал рац1уней, гьел кенч1езаюлей ятилаан.
-Лъуг1изаре цек1ал махсараби. Цо-цо бицунелъул г1орхъи лъаларо дуда.
-Дуе щиб?
-Щибго гуро. Аралда цаби жир-жиризари лъик1аб гьеч1о. Рач1а гьаб хабар лъуг1изабизе, - ян т1аде яхъун яч1иней Халида Рафикиде щапун ана.
-Гьей…гьей? – ан х1алихъего виххиялъ кун бажарана гьесухъа  Халида.
Каникулалги унел ругин, цощинаб сессиялъул санаг1ат гьеч1олъи циндай канадаян, ях1 гьабизе к1веч1ого Мах1ачхъалаялда бугелъуб бугебги тун къват1ире рахъана Мух1амад ва Клара. Талих1алъ Рафикица  скорый ах1ун больницаялде Халида хъамизег1ан т1аде щун гъоркь жиндирго посталда йик1арай Шура «вабабай! ч1ух1арал г1адамалан киса-лъихъего гъарин гьал»  пикру гьабулаго рачун Халидал нуц1ида цере щвезаруна:
-Ц1акъ лъик1 гьеч1огоха пулан йигей, рач1арал лъик1 нуж, - ан абун жиндирго хъулухъалде г1едег1ана к1одо.
Халидаги бусада лъун нуц1ихъе щварав Рафик ва г1едег1алихъего рагьун нуц1агун жанив лъугьун вач1унев Мух1амадги данде тункизе дагьаб камана.
-Дун цо «скорыялда» к1алъазе ина…Рорч1ами, - ян циндаго вихана гьев.
Гьале гьанжеги гьал г1адамаз  кодоса Халида яхъун унеблъи бич1ана  гьел рихьаралго.
Цере эхетарал бихьинал рикьизеги гьарун Клара Халидахъе йортана:
-Ва, пакъир. Гьай лъавудаго гьеч1огури Мух1амад!
Рафик гъоркье щун к1алъалев вук1ана.
Мух1амадица  вуц1ух1ун хъизан аск1оса нахъеги гьаюн Халида бусадаса кодое йосана ва гъоркье г1едег1ана, амма гьебго параялъ т1аде щварав Рафикица танхъинавуна гьев:
-Гьабсаг1ат рач1уна. Нолъги гьанир ах1ун рук1ун руго гьел…
-Ниж больницаялде ина. Гьаб къай щиб?
-Г1едег1уге, гьел гьабсаг1ат т1аде щола…къайиялъул ургъел гьабуге…дихъего босила гьеб, нужее бокьани…
Халида эсалде яч1ана.
-Халида, щиб дуе лъугьараб, дур хут1араб жого гьеч1ин – ан гаргадилаго надалда квер лъухьана шакърахунаго Мух1амадица.
-Нуж киса? – ян ц1а-ц1ан ана гьелъул берал ва нечеялъ ц1а палун бач1ана гьумарелда.
-Мун яч1ине кват1идал къват1ире рахъун рук1ана… Мун цеегоялдаса унтун йик1ун йихьула. Телефоналъ к1алъазег1аниги бегьуларебан. Халида, бегьуларо гьедин нижедаса т1ун ч1езе, нижеца дуе гьабураб квешлъиго бич1уларин. Нилъ гьабсаг1ат больницаялде рилъина.
-К1варич1о. Дун унтун гьеч1о…цодагьал къоял рана г1арац лъуг1ун…
-Халида!
-Т1ассалъугьа, бегьулеб батани. Дица кара-тараб Клара-бажуда бицина. Лъик1ищ?
-Гьит1ин, дурго принципаз г1азаб гьабулеб г1адат буго дуца дуего. Мат1уялда жание якич1ого чан къо бугеб? К1алъазе келарищ, дур каникулал ругел замана нижеда балъго лъаларелъул…
-Дун ц1оролей йиго, – ян сири бан юк1к1ун гьит1инлъана Халида.
Бащадаб Рафикица бицарабги эхебе инч1ого  Халида к1алъалей гьаракъ бахъигун екерун щвана аск1ой  Клара-бажу. – Щиб карабали лъанищ? – ан  Мух1амадида ва гьесул кодой йигей ясалдаса берал т1асса росулел рук1инч1о  гъарималъ.
-Щуго къо бан буго кванач1ого, - ян х1еренго  балагьана Мух1амад ч1ужуялъухъ.
-Огь, дун абуни лъабабго ригьалъ гьуинаб-ц1ек1аб кваналей – гьай гьаний якъуца холаго…
-Дун ина, - ян чемодан аск1обе босун бач1ана Рафикица.
Руц1ц1ух1ун  гьел жиндихъго ралагьун ч1ейгун нечон баг1арлъун вахъана циндаго рекъеч1еб жо гьабулеб бугеб киниги гьев.
Халида к1алъана:
-Раф, баркала дуе. Бегьулеб батани гьеб дур добе босе. Сессиялде яч1арайго щиб бук1аниги ургъилеб батани.
-Баркала г1олохъанчи дуе, гьанже нижеца т1алаб гьабила гьалъул. Кват1ана ниж, жакъа-метер яч1илин  рук1ана…
-Нужедаго киниги дидаги жакъа лъана. Гьанже бицун пайда щиб? Кин бугониги дун ц1акъ разияв вуго нужергун лъай-хъваялъе. Халида цадахъ ячуней ятила?
-У. Рокъоб т1убала врачазулгун къвариг1ел, – ан квер бегьана «къомех лъик1алъе» Мух1амадица гьесухъе.
«Ярагьунев г1олохъанчи вихьула» ян кана гьесда г1олилав.
«Лъик1ин» бет1ерги гьанк1ун Рафик чемоданги босун  жиндирго машиналъухъе ана.
Данде ч1ван лъуг1инег1анго рат1алъиян рак1 бакъвай бахчулаго ахиралде щвезег1ан гьимулаго Рафик жиндирго машинаялда рек1ана. Къог1аб къисмат…
Мух1амадица жиндирго дубленка т1ад бана Халидада ва аск1ой хинлъиялъе Клараги къвалги бан гьелда г1одой ч1езаюна:
-Нилъ рилъун лъик1. Заманаялъ врачазда йихьизайизе щвезе.
-Кванач1ого йик1ине кани, –  ян г1одое юссуней х1ал бук1инч1о Кларада.
* * *
Рафик абуни т1оцеве гьеб къоялъ    вац х1алт1улев бак1алде вилъана. Щаялиго вихьизеанищ кана гьесда Х1асан. Талих1алъ гьев кивениги инч1ого вугоан кабинеталъув. Замана инег1анго берцин Х1асанида ц1ех-рех бахъилалде Рафик –Халидал бицине лъугьана. Х1асанида дагьа-макъабго хабар эбелалдасан лъалан ва Рафик «бет1ер сверун» вугин пикрогун ч1ун вук1ана гьев.
-Гъолъие, абизего бокьун бук1инч1о гьелгун ине…Г1езег1ан хехго рак1алде щун йиго…
-Г1одове вичай, Раф. Кидаго бук1уна г1умроялда нилъее бокьаралдаса цодагьаб г1аксалда. Бич1уларо гьеб х1алалъ мун гьалдезе кани…бегьуларо гьеб х1алалъ ч1инк1ун ч1езе, бегьуларо. К1иго-лъабго къоялъ лъаларей ясалъе миллионазул колье сайигъат гьабулев г1олилав ва мун бат1иял чи кола. Бит1ун бич1а, гьарула. Гьелъул вук1арав росасул чаг1иги бечедал рук1ин х1акъаб буго. Г1адада к1анц1он ккезе жо гьеч1о. Щибасда жиде-жидер бак1 лъазе кола.
Раф, вуц1ух1ун вацасул кверги босун къват1ив вилъана. Ругънаде ц1ам щвараб жо гьабуна дие вацасан жинцаго жиндагоги абун.
…Рак1-рак1алъ абуни Халида гьедиг1ан йохич1о якьад-вакьад аск1ор ратигун. Кидаго санаг1ат гьеч1еб мехалъ т1аде кола, амма х1ал лъазе тараб жо бичач1о. Гьез цадахъ ячиней йигин абигунги к1алъач1ого тана. Гьадиг1ан дида хадур урхъун рук1унел г1адамазда ее рекъон гье1о  1орогоял 1ух1иял, унго, Вадимил  гьими бихьизеанищ дир рос вугин абигун… дунгоги щакдариялде кезе дагьай хут1ана гури.
Кизляралда щун рахъинег1анго машиналъуса к1алъана Мух1амад врачазда. Рокъоре  щвейгун Клараца г1анк1удал бульонги хехго гьалун, лъимер киниги, кваназаюна. Къасиялдехун абизеги гьезул т1алаб-агъазалъ лъалаго мадар лъугьана Халидае. Рукъ буго рукъ. Кинаб бугониги: чияр гуро.  Сордо кват1изег1ан аб-доб бицун аск1оса инч1о, радал микьгоялда х1алт1уде щвезеколел  аг1и. Цох1о Мухтарил х1акъалъулъ лъицаниги раг1и абич1о, сундасанго намуслъарал киниги. Кьижизе рахъун гьел унаго маг1у хулана Халидал бадиб: хирияв аллагь гьазул х1еренлъи, х1алимлъи. Г1айиб гурищ гьал дир эбел-эмен гуреблъиян ва «сордо лъик1ан» т1аде къуларай Клара-бажуда «эбелиланги» щурун къвал жемана.
Мухтаргун йигеб мехалъ Клара-бажуян гурони абун бук1инч1о Халидаца якьадалда.
Клара кроваталъул раг1алда к1усана. Мух1амадида аян ишаналъги бич1изабун.
-Эбел…киг1анха дие квеш бугеб…кинабго г1аксалда. Аллагьасул цим батила дида, ч1еч1ого нужер рак1 бакъвазабуралъухъ.
-Дуца бицунеб щиб, дир месед, кинаб рак1 бакъвай… абуге гьедин. Ниж руго дуда цере налъулал. Бегьулеб батани нижедаса рик1алъуге. Дида к1очон тана гьаб жакъаси г1адин, Мух1амад рази вук1араб мех. Наида кидаго жийго жиндиего г1урай йик1ана, ахирисеб заманалда открыткаби рач1уна… Мухтар к1алъала гьоркьо-гьоркьов. Рак1 бекун буго гьесул. К1алъалевщинахъе халат  гьабула хабар – щибниги дур х1акъалъулъ бицинародаян хьулалъ. Щиб дица гьесда бицинеб. Отпускалдецин вач1инч1о араб соналъ. Киг1анха аллагьасда гьарулеб нужее цодагьабниги цадахъ талих1аб г1умро кьеян… Мухтар жеги хьулазда вуго, - ян маг1у хулана гьелъул бадиб ва къулизабун бет1ергун угьун х1ухьел бичана. – Кванач1ого йик1ине кани…
-Гьарула мекъи бихьугеян. Стипендия г1олеб бук1ана. Рет1ел-кун босизе колареб мехалъ. Баркала кумекалухъ. Зама-заманалъ Г1исаги вач1унаан щвезе. Рокъосезул цонигиял щвеч1о дихъе, гьелъги батила киназдехунго «ц1орогъорон» лъугьарай дун. Бажу, дие рокьула дирго рокъосел – щай гьез дун къабул гьаюларей, кидаго рик1ад ч1езаюлей? Лъаларо…зах1мат бук1ана г1агарлъи аск1об гьеч1ого, ругьунлъилин йик1ана, киса. Дир хабар г1емерлъулеб бугин кола. Г1умроялъ к1оченаро гьаб сордо, нужер г1аданлъи, рак1 ц1оро-гъорозе хут1араб жо бук1инч1о, баркала, – ян сих1 къот1ун аск1ой г1одой йик1ун йигей Клара-бажуда дагь-дагь кун Вадимилгун жиндирго кара-тараб бицана Халидаца.
К1иго т1убалелде рат1алъана гьел. Рогьинег1ан макьу т1аг1ун талих1аб гьимигун кенч1елеб гьурмада бусада егахъего хут1ана Халида Клара-бажу аралдаса: Мухтар вук1ана ч1агояв киниги беразда цеве  т1амун. Ц1акъ дагьаб г1олаан гьелъие жанисан талих1алъул кунч1иялъ гвангъизе, амма къисматалъ г1емерисей мехалъ мах1рум гьаюн йик1унаан гьелдаса. Заманалдаса т1адеги яхъун баг1лидул сокги гьекъон бичана магнитафон ва х1аталда егана, кидалиго Мухтаргун кьижулей йик1араб кроваталда…гьанжегицин лъалеб-лъалареб гьесул ругьунаб мах1 бугин колаан къандалъоялдасан.
Радал анкьгоялда якизе щварай Клараца свинабуна чирахъ ва берцинго одеялоги т1аде бачун гьимулаго къват1ий лъугьана гьуинго кьижун йигей ясалухъги ялагьун. Мухтар анищ…
Ич1гоялде Сапиятица, рокъой х1алт1улей г1аданалъ йорч1инаюна Халида «врач вач1ун вугилан». Мух1канго хал-шалги гьабун, дарманал гьекъезеги т1амуна гьес, цинги витаминалъул уколги гьабун жеги анкьалъ къват1иве яхъине бегьуларин лъазабуна.
-Занятиязда кват1изе бегьуларо…
-Бигьаяб иш. Т1оцебесеб февралалда щвезег1ан больницаялда егун йигин справка кьела. Гьединал жалазул ургъел гьабуге.
-Баркала, - ян гьимана тохтурасе Халида кинабго Мух1амад-ацил х1алт1и бук1инги бич1ун…
Врач ун вахъиналде кваназе жо босун щвана Сапият ва йорч1ун йиги лъайгун цоцада хадур к1алъана Клара ва Мух1амад.
Къо кьижун, т1ехь ц1алун инеб бук1ана Халидал, бакъанида телефоналъул зваргъи бихъана:
-Алло, мунищ Кла…, - абулелъуйго хут1ана Халида Мухтарил «МА» ян гьаракь раг1игун.
Халидаца трубка г1одоб лъуна циндаго т1урт1удизе лъугьараб квералъ.
Вай, гьаркьидаса лъанадай? Дие кодобе босизего щиб бук1араб. Дун гьаний йигеблъи лъани т1уянго сурила гьесда цее. Амма ц1идасан звергъезе жубараб телефоналъул гьаракьалъ гьелдаса рик1алъизаюна Халида. Заманалдаса колидоралъуб Сапиятил к1алъалеб гьаракь раг1ана…
Мухтарида бач1инахъего лъана Халидал гьаракь.
Сапиятица:
-Йиго рокъой. Трубка кьелищ? - ан абигун «к1варич1о»  ян г1одобе лъуна.
Цоцада хадур рекерахъдилел пикрабигун жидерго отделалъул начальникасухъе вилъана Мухтар. Гьес эс гьабич1о эбелалъул х1алт1ул номералъул бак1алда рокъосеб босун бук1ин…гьеб гуребги…Щибизе циндаго отпуск х1ажалъарабан ц1ехани  абизе мух1канго жаваб гьабизе жо лъалароан. Халида рокъой йигин абураб жоялъ  куркьби гъуна гьесда, гьанже щибго квал-квалалъ гьев Кизляралда ине гьукъилароан. Талих1алъ Мухтарида бугеб х1ал бихьигун вуц1ух1ун начальникас анц1го кьо отпускалъул кьуна. Михаил Терентьевичасе кидаго рек1ее  г1олаан саламатаб г1амалалъул г1олохъанчи. Гьесда бач1инахъего бич1ана Мухтар лъик1аб хабаралъ рокъове ине вук1ин. Кинабго данде билъунеб бук1ана гьеб къоялъ Мухтарида. Поездалде вахун кодобе бук1араб сумка полкаялда лъун тун гурони  эс гьабич1о гьес «нагагь» абун…щибизе дун гьенив? Вач1ине бокьун бук1арабани эбелалъ к1алъач1ого телароан, гьеб гуребги караб щиб – дун гьенив воржине…нагагь дун вач1ингун рокъоса ине лъугьани…щиб гьумергун  инсуда цеве эхетилев. Эбелалъ бицинадай гьесда унго ниж данделъараб куц, яги… живго щаклъун ватизеги бегьула, г1умроялъ т1анк1лъун  хут1ила дида доб къоялъ гьабураб «чороклъи». Халида, киг1анха дие мун йокьизе колей, гьеб галиялда цеве цин дун тархъинч1ев мехалъ.
Щуго т1убайгун х1алт1удаса цадахъ рач1ана Клара ва  Мух1амад. Рач1инахъего, рет1елцин хисич1ого гьел Халидахъе жанире лъугьана:
-Салам! – анги абун иргадал рах1ат хвей бахчулей Халидада к1иязго баана. – Кин бугеб нилъер иш? Жакъа мун пианиноялда аск1ой къач1ин абураб жоялда божиларо.
-Щвеч1о, - ян тамахлъун ана Халидал балай.
-Унго, -  ян разиго гьимулев вукана Мух1амад-аци. – Цо-к1иго къойидаса Листихъ г1инт1амизе хьул буго дир.
Гьесда бихьана цо рах1ат хвей бук1ин Халидал ва Кларагун гьейги тун къват1иве вилъана:
-Дун гьабсаг1аталъ рет1елги хисун вач1ина. Сапиятида стол лъабазего х1адуреян абулеб буго. А, Халида?
-Лъик1, Мух1амад-аци, - ян намуслъун бет1ер къулана гьелъ.
Гьанжелъизег1ан юц1ух1ун гьимулей йик1арай Клараца Халидал надалда квер лъуна:
-Врачас щиб дуда абураб? Дараби гьекъанищ? Цощинаб ургъел кезе жо бугодай, дур рах1ат хвараб х1исаб бугин?
-Дир кинабго лъик1 буго. Баркала нужее. Кин араб х1алт1ул къо, унтарал г1емер ратила?
-Кидагог1адин екерахъдилагоха. Къойидаса-къойиде ц1ик1унел руго рак1 унтарал. Отделениялда койка ч1обоглъараб къо гьеч1о. Ригь аралг1аги рук1аралани, ц1ик1унесел – г1олилал руго. Мун т1убараб къоялъ рак1 гъоларого ч1амуч1лъун йик1ун ятила.
-Т1ехьалда юссун хут1ана. Гьаниб бугеб лъик1. Цебего к1очон тун бук1ана дида рак1алъул рах1ат. Унго-унгояб г1адамазул хинлъи.
-Рет1ине щиб босилеб духъе?
-Дие бат1алъи гьеч1о, дудаго лъик1ин  караб, - янги абун тар-тардилаго т1адеги яхъун гали гьабуна Халидаца.
Клара жеги гьей ц1акъ заг1ип йигин гурх1улаго рат1лида хадуй йилъана. Замана балелдаго щвана хъах1илаб «ангорка» гурде босун.
Гьаниб кинабго бихьула квер хъвач1огоян рек1еда зах1малъана Халидада. Добго чемоданалъуса къват1иб босин якъин гьаб гурдеги – лъицаха чемоданал рагьилел…
-Баркала, щибго гьеч1о гьаниб долдаса нахъе хисун…
-Лъуг1арайго, г1едег1ич1ого яч1а, мун нечолареяни кумекалъе ч1елаан,- ан гьимана Клара намуслъарай ва гьелдаса  циндаго т1егьан яч1арай Халидахъ ялагьун.
-Цо минуталъ, бегьилищ мун танхъине дуда абизе жо бук1ана,- янги абун къулараб бет1ер борхана Халидаца.- Бакъанида, дида кана мун к1алъалей ятилин, яги аци, амма циндаго Мухтарил гьаракь раг1игун трубка хехго г1одоб лъун ана дидаго лъач1ого. Дида лъаларо. Дун йихун кана…бегьулеб  батани мунго г1аги к1алъай досухъе, цощинаб къвариг1ел бук1ун батизе гурин. Т1ассалъугьа, дун сабаблъун квалквал  гуреб бат1ияб жо гьеч1о нужее.
-Хирияв аллагь. Халида! Г1елаха дуцаго мунго йик1к1аризе. Бигьаяб иш, метер к1алъала. Уяб жо бугони гьес кидаго х1алт1уде к1алъалаан…. – ян кранде къана г1айибго цее эхетун йигей яс. «Гьаналъ бицун батила рокъой ай йик1и. Хирияв аллагь…» - ан   рак1алда кана Кларада.- Гьит1ин, рет1ел рет1е. Мух1амад валагьун ватила нилъехъ – кидаго цоцадаса рат1алъизе к1оларин рихьун тун хадуса нилъан вук1уна гьев…
Амма Халидае бигьалъи бач1инч1о. Х1ал лъазе теч1ого рак1-мак1 гьабулеб бугин кана гьелда. Ралагьун ч1езариларилан рет1елги рет1ун гостиниялде йилъана.
Сапиятица стол гьениб къач1алеб бугоан. Жанив щивниги ватич1ого Халида кидаго горда цебе бук1унеб пианиноялъухъе йилъана. Ях1 гьабизе к1веч1ого кверал ругьунго клавишазда гелизе журана. Цинги хадуй г1одойги ч1ун «Халатаб нух дюназда» киноялдаса макъан бачана. Кидаго пианиноялда нахъа замана к1очон толаан гьелда.
Макъаналъул гьаркьихъе жанир щварал Клара ва Мух1амад сас тун кидаялиго г1адин креслоязда г1одор ч1ана.
Гьеб сордоялъги кват1изег1ан харбида щиб, макъаналъухъ г1инт1амун щиб хут1ана лъабалго. Г1ажаиблъи, бицине гуреб бук1ун гьеч1о гьезда гьоркьоб. Цонигиязда «рак1алде» щвеч1о Мухтар, Халида гьесдаса ят1алъун         йик1и…гьеб  лъабазулго балъгояб г1азаб. Мухтар вугеб мехалъ циниги гьединал сардал рук1инч1о: гьес кидаго жиндаго цадахъ хъамулаан Халида, барахщулаан эбал-эменгун гьей тезе. Бат1ияб балагьигун ялагьун йик1ана гьанже Халида х1алимал, х1еренал гьезухъ. Цере – бечедал «бесдалалда» гурх1улул г1адамал, цинги – Мухтарил эбел-эменлъун рук1ана Халидае гьел. Гьанже жанисанго къисматалъе баркала кьолей йик1ана гьединал г1адамал данде ч1ваялдаса…
Кидалиго, сордо бащалъараб мехалъ жиндирго рокъой щварай г1адан, кьижизе к1оларого г1емер ч1уч1адун Халидаца магнитафон бичана…кие аниги гурх1ел…  Вадим, лъазего лъаларев чицин гурх1ана. Киг1ан бит1араб гьес абураб «жив гьеч1они цойгидав…», гьедин халаткун т1ояларо дун. Гьеб х1акъаб. Лъаларо къисматалъ щиб метер ургъун бугебали. Мугъ ч1вазе чи, кив дида гьев ватилев? К1иабилейги мекъи кьезе бокьун гьеч1еб куц. Цо ят1алъи бич1ич1ел г1адамаз жах1далъиялъ ч1аго кванала… Я гьикъизе, я малъизе чи гуро. Г1еч1елъ Рафикги унгоян жуван вуго. Чамасдай хадубги «г1акъуба» гьабилеб…Доб къоялъ досул эбелалъул тушманасде киниги к1алъай…гьей йит1арай ятила… Гьединал пикрабигун кьижун кана Халида.
Сонго г1адин радал кин йигеяли балагьизе жаний якарай Клараца свинабуна чирахъ, т1ад бачана одеяло.
-Кин йигей дой, Клара? – ян ц1ехана кваназе г1одов ч1олаго Мух1амадица.
-Машааллагь, берцинго кьижун йигей куц. Бец1лъукьа х1инкъулей лъаларо къаси канлъи бакун толеб буго Халидаца. Нек1о гьединаб жо бук1унароан гьелъул. Сундулъго рак1 ч1ей гьеч1олъиялъги ятула гьей гьедин, февралалда нахъойги общежитиялда йичач1ого, квартира куни  – цадахъ Сапиятгун – нилъеца цо г1амал гьабилаан Сапият гьейгун йигеб заманалъ…
-Камилил доя йик1инароха, киг1ан дол рохилел к1алъазе чи аск1ов вук1иналдаса херал…эркенаб мина бак1 бугоанха гьезул. Институталде бат1аго рик1ад коларо.
-Рак1 т1ет1елеб буго дир гьелъухъ балагьун: гьанжего гьанже щиб бук1ани квешлъи т1аде бач1илин йик1уней йиго кидаго. Х1алимай, берцинай ва гъодиг1ан талих1 къарай…сессия киналго щуйилазда кьун буго…вай лъаларо Мухтаридаги щиб гьабилебали – живго цох1о гъодинаб х1алалда тун цощинаб квешалде гали базе гурин вас-васдула. Хирияв аллагь, цо г1адамазул киниги институтги лъуг1ун аск1ов х1алт1игун вук1ине рес гьеч1ев г1адан. Наидалги хабар къот1ана…Сордо бач1ун макьу гуреб, къо бач1ун разилъи гуреб бакъвараб г1умро буго дир.
-Клара, хирияй. Гьебго ц1адулъ вуго дунги. Фабрика рехун тезе рес бугебани к1иязухъего щвезе рилъинаан. Мухтарил иш дида лъаларо – ч1ужу ячани гурони гьев Халидадаса мухъде вач1инин коларо…
-Цоги г1умро бекараб жо кезе гурин г1едег1ун. Щибаб нухалъ Халида ц1ехола, дун г1енекун хут1ани т1ат1алаго угьун х1ухьелал ричала васас. Дир х1ал лъуг1улеб буго гъосда гурх1ун. Гьелъул х1акъалъулъ лъазе г1олого к1алъалин кола дида вас.
-Цо Халидагун хабар гьабулареб щай, ручабазул къаг1идаялъ.
-Мекъи бич1илин к1оларо. Вай, машина щвана.
-Кват1улев вуго, - ян кофеги гьекъон ч1ужуялдаги баун Мух1амад ана.
Сапиятида т1ад къаялги гьарун х1алт1уде яхъана Клараги.
Заманалдаса йор1арай Халида врачас дарабиги гьарун т1ехьалда юссун йик1ана Мух1амад-аци  кин йигин ц1ехон к1алъараб мехалъ:
-Халида, къаси гьалбал рач1ине бегьула, Сапиятида хабар кезабе.
Гьеб заманалъ Кизляралда поездалдасаги рещт1ун Мухтар эбелалъухъе х1алт1уде вилъана. Больницаялда щвейгун лъалей медсестра Мухтарида бер к1ут1арабго Кларахъе екерана рохел бицун, амма эбелалъ бицунеб эхебего бичалеб бук1инч1о- гьелда кана медсестраялъ армиялдаса жиндирго вач1арав васасул бицунеб бугин.
Кабинеталъул нуц1ида к1ут1улеб гьаракь бахъигун:
-Бегьила, -  ян ах1ана.
-Ма! – ян нахъасан васас къвал байгун йохиялъ ва йихиялъ    к1ал-мац1 къот1ун лъугьана гьей. Радал  гурищ инагьдулей йик1арай!
-Ма, ч1алг1ун вук1арав куц нужехъ, - ан талих1го гьимулев вук1ана эбелалъул раг1и абизе к1оларого соролел к1ут1бузухъ валагьун  Мухтар. – Ма, г1елаха. Гьале дун…
-Мухтар, - ан гирун ана Кларахъа маг1ил гарал.
-Вай т1угьдул чинт1анагури, -ян курткаялъуса къват1ир рахъун рач1ана к1иго букет. – Гьаб дуе…
Цоялъухъги валагьун абизе жо ватуларого нечон лъугьана.
-Баркала, хирад. Киг1ан дун ч1ух1арай йигей дудаса. Рокъов щун ватиларо мун?
-А-а, - ян букет столалда лъуна гьес.
Х1атта Кларада бич1ана щай Мухтар Кизляралде сон к1алъан тун хадуса щваравали ва т1угьдул лъиелали.
-Эмен кин вугев? Дида цимгун ватила гьев?
-Гьеч1о, дир вас. Х1алт1и дагьлъарабго Наидада ва дуда хадур рилъинилан вук1ана, ч1алг1ун рук1ана ниж нужехъ. Х1алт1и, цинги - ч1обогояб рукъ… Халида яч1аралдаса лъалаго ч1аголъана эмен, дир бицинего бицинарин, - ан абулаго Мухтарил  бадий ялагьун ч1ана эбел.
-Каникулаздайищ? – ан бак1аб раг1и киниги гъогъго ц1ехана гьес.
-У цодагьай лъик1 гьеч1ого йиго йиго. Нолъ т1аде яхъун пианино хъвалей йик1ана…
-Ма, Г1исаца дида щибниги абич1ого гури. Зах1матгонищ йик1арай? – ян гордухъ бералги лъун шурана Мухтарица.
- Х1инкъизесеб жо бук1инч1о. Кванач1ого къоял ран руго…
-Ма, продуктал рит1ич1огонищ рук1арал, дида к1алъач1еб щай!? Сессия киндай гьелъул ана? Кумек х1ажат бук1анадай?
-Мухтар, г1едег1ахъдуге. Щиб гьабизе рак1алде бугеб? Г1адада вач1анин коларо. Сон дуца к1алъан бук1анин бицана Халидаца. Йиххиялъ трубка г1одоб лъун ун буго гьелъухъа…Бихьула дуе зах1мат бугеб куц  - цох1о берал хут1ун руго, гьедин бегьуларо. Халидаги якъван лъуг1ун йиго, рич1уларо дида нуж, ян угьун х1ухьел бичан тана Клараца. – Рокъов а, Сапият ятила Халидагун гьенир. Дица инсуда к1алъала мун вач1ун вугилан.
-Ма, г1едег1уге. Нагагь Халидае бокьич1они дун т1ад вуссина. Гьарула, инсуда бицунге. Лъик1ищ, ма?
-Гьаглъуге, кинабго лъик1 бук1ина. Халида хисун йиго, дир вас. Цодагьав ях1алда вук1ани, мун вач1унин гьей киениги инаро.
-Ма! Дида к1оларо гьей гьеч1ого, кин нужеда гьеб бич1улареб?
-Бич1ун буго, амма гьабизе к1олеб жо гьеч1еб мехалъ г1инкълъун ругин ч1аниги гурони…Вай, дун ине кола, г1айиб гьабуге.
Мухтар эбелалъул столалда нахъа г1одов ч1ана ва телефон аск1обег1ан ц1ана. Бигьагьабун рокъосеб номер босана.
-Г1инт1амун буго, - ян бахъана Халидал разияб гьаракь.
Мухтарица цоги «аллоян» абуна – берцинго г1инт1амун гьеч1еб къаг1ида, сунда юссун йигеяли…Данде елъулеб гьаракь  бахъана, цинги «зайчик», нахъойги лъимадул киниги роц1араб релъи.
-Алло, щив къвариг1ун вугев?…вай, куна, – ян бахъана гьелъул хирияб гьаракь.
-Бегьулеб батани Сапият ах1е, - ян х1алихъего абуна Мухтарица,  дун кун вугеб бак1.
Рик1алъулеб релъи ва «Ну, погоди» мультикалъул макъан раг1ана Мухтарида, гьес трубка г1одоб лъуна.
Дун    вихьани т1убанго х1ал хисила гьелъул гьанже. Вач1инего щай бук1араб дие, г1едег1ана. Г1иса шагьаралда вугодай, гьевгун г1аги ине. Ч1ужуялъухъе гьудулги вачун…йик1арай ч1ужуялъухъеян  пикрабигун Мухтар  эбалалъул ч1обогояб кабинеталъуса къват1иве вилъана. Къват1 кун унаго гьудуласухъе жаниве лъугьана, амма гьев Мах1ачхъалаялда арав г1адан к1и-лъабабго къо бугин вач1инч1огоян абуна гьесул эбелалъ ва жинив вилъинч1ого унгеян лъугьана…
Гьабизе жо  гьеч1ин Мухтар рокъове вилъана. Азбаралъуве лъугьингун бигьалъи бач1ана гьесие. Рокъоб къадазулги мугъ ч1вай бук1унин абуларищха. Цо жо кела алъулан, самолетал квергъизего бигьа  бук1унеб буго… курткаги маг1ида бан, кагъат бахъун т1угьдулги кун к1иабилеб т1алаялда вахана Халида гьений ятилилан. Щаялиго х1ат1аз вачун жидерго регулеб бук1араб рукъалъул нуц1ил к1алт1а щвезавуна гьев. К1ут1ана.
Гьабураб витаминалъул уколалъул бух1и ч1езабизе к1оларого   рукъ бакъулъ паласалда егун йик1ана Халида нуц1ида к1ут1и бахъарабго ва Сапият ятилин:
-Жание яч1а, - ян ах1ана к1варго гьабич1ого.
Жаниве г1аданго вакулев гьеч1ин нуц1ихъ ялагьизеян т1аде яхъун йилъана гьей ва данде рагьун бач1араб нуц1ихъ хаган хут1ана.
-Йорч1ами!
-М-мун киса? – ян божуларого Мухтарил к1аркьада квер хъвана гьелъ, цинги талих1го гьимулаго гьесул каранда бет1ер бахчана.
Киг1ан цебе т1амунаниги, данде ч1вай гьединаб бук1инилан киданиги колароан гьесда.
-Халидка, - ян шурулаго ч1инт1иледухъ данде къана, - Йокьулей, унго дун духъ ч1алг1ун вук1арав куц.
-Гьал дие? Бищун рокьулел. Баркала. Киг1ан дун йохарай йигей мун вихьизе. Къаси байрам бук1ина дур эбел-инсуе. Отпускалде ватила?
-Анц1го  къо, - ян гьелда баич1ого вук1ине ях1 гьабулаго гьимулев вук1ана Халидахъ валагьун Мухтар, - х1алакълъун йигей куц мун. Г1исада лъик1аб къо бихьиларо. Гьанже…
-Г1исада г1айиб щиб, цох1о гьев ва дур эбел-эмен рук1ана дун ч1аго йигишали ц1ехолел чаг1и. Нечон йиго гьездаса…Мун кин вук1арав? Бат1аго дидаса бахилъараб х1ал дурги бихьуларин.
-А, - ян гьимулаго к1ут1бузда баана Халидал, инкар гьеч1еблъи бихьун каранде ячана, - йокьулей…дир талих1, киг1ан мун гьеч1ого квеш бугеб, дир ч1ужу…
Ахирисеб раг1и абизего щай бук1араб.
-Мухтар! Те дун…г1ела, - ян кодоса ц1ирхьун лъутана ят1алъун йик1ин рак1алде бач1ингун Халида.
-Халидка, кие мун? - ан гордухъ хапун кун жиндехунго юссинаюна.
-Т1ассалъугьа, нилъ рат1алъун ругелъул. Те дун…
-Гьит1ин, дун разилъич1ого кин  рат1алъулел?
-Дуца абич1ищ дида «бокьаралъуе щвезег1ан ине бегьилилан»?
-Гьагай жо, гьедин рат1алъулел г1адат гьеч1о. Лъабго чиги ах1ун абулеб тобги абун гьабула гьеб. Инч1ого ч1еларин лъугьарай дица т1ок1аб щибин абизе бук1араб?
-Мухтар, бегьулеб батани эбел яч1инег1ан ч1а. Мунагьал г1емерлъун батила дир г1умро гьадинаб бугеб.
-Мун г1адал алжаналъул т1угдузул мунагьал кинал рук1унел? Божа дида, ругелги дида хъвани налъулав вук1инаан Аллагьасда цеве, - ян къулараб бетер борхизабуна бадиве валагьулаго Мухтарица гьелъул. – Эбелалъ дица абухъе абуни мун дунгун рекъелищ? Гьарула, жаваб гьабе, Халида…Сон дуца телефоналъул трубка борхаралдаса ц1илъун буго мунгун вук1ине хьул.
-Лъ-лъаларо, – баг1арлъун ана гьелъул гьумер.
-Халидка! – ян бигьаго кодоеги йосун рокъой йоржинхъинаюна талих1алъул куркьбал рижун вугев Мухтарица. – Унго нилъ цадахъ рук1ина!?
Дунги самолетин кола гьасда кидаго…
-Лъалищ, цыганкаялъ абуна дида цодагьал къояз цебе мун вач1ине вугилан ва рекъани лъик1 бук1инилан диеян.
-Унго!? Г1умроялъ талих1 кьеги гьелъие, - ян х1асраталъ гьалаг гьавулев вук1и бахчулеб  бук1ана к1овухъе гьес, амма Халидада чанги лъик1 лъалаан жиндирго рос – щибниги к1очон бук1инч1елъул.
-Нухдаса свакан ватила, вилъа кваназе, - ян гьесул кверал рич1изарун т1аде яхъунаго расал рит1а-ришизаруна…
-К1варич1о,  мунгун вугев щибаб минут хирияб буго дие, - ян мат1уялда цее эхетарай лъадуда х1алимго къочана Мухтар.
-Мухтар, эбелалъ щиб абилебали лъаларелъул…
-Огь, дуда жеги к1очоч1ищ. Бич1уларо сундаса дуца гьеб пикру гьабурабали. Киназего мун Мах1ачхъалаялда ц1алулей йиго. Г1исадацин щибниги лъаларо, нилъ ункъаздаго гурони. Рос-лъадуда жидедаго лъаларищ рат1алъараб – рат1алъич1еблъи.
-Дуда кидаго лъала рекъезабун дун дуралдаго хадуй йилъинайизе…
-Щибниги дихъаги бажаризе келарищха. Дуе эбелалъул жаваб аслияб батани, дун  валагьун ч1езе мук1ур вуго.
-Рач1а цониги нухалъ к1удияз абулелъухъ г1инт1амизе. Т1оцебего малъураб гьабун бук1арабани жакъа нилъ гьадин  ратич1ого рук1инеги бегьулаан. Дирал жеги к1алъалел гьеч1о: эбел – инсукьа х1инкъун, яцал, вацал щаяли абизе зах1мат буго.
-Заманалдаса кинабго мухъде бач1ина, гьарула босуге бот1ролъ.
-Мухтар! Абадиялъ дунго – цох1о дур бадий балагьун – дида гьедин к1оларо, бокьун гьеч1о янгъиз гьаб ракьалда йик1ине, дирги руго кинал ратаниги г1агарал г1адамал… Абуге, гьанжелъизег1ан гьел кир дида ратаралилиян…щиб лъалеб жеги ратизе бугьула гьезда дун, гьадиг1ан дие гьел камун ругел мехалда…
Мухтар вуц1ух1ун хут1ана, цинги к1алъалев к1алъарев лъаларого вугев киниги абуна:
-Цодагьавниги дун дур рек1елъе восулевани…мунго дуего г1ун йик1инч1ого, – гьев х1инкъун вук1ана хабар бусараб куцалдаса ва гьелъ гьоркъоблъи хвелилан, щоларелъуса щун гьоркъоблъиялда рак1алдаго гьеч1еб бак1алда гвангъун рек1ун бач1араб чирахъ сог1ал раг1абаз свинабилиан. – Жеги ункъо  соналъ отпускалда гурони рихьич1ого рук1ине кани абураб пикруялъ рак1  кьвагьулеб буго дир…х1алт1иг1аги бук1арабани гьаниб?
-Маг1арулазул буго лъик1аб г1адат: ч1ужуялъ росас малъараб гьабулеб. Эбел-инсуца абуралъухъеги г1ин т1амун дуе бокьахъе гьабила… Дун свакан йиго киналдасаго, х1инкъун йиго дунго хут1илилан. Гьале рак1 бац1адго абуни. Кин ратаниги данделъун руго нилъ, дудаса лъик1ав вук1унев ватиларо, ватаниги х1арамав ватила дие. Т1оцебего додин кеч1****и бигьа бук1инаан дие мун вокьизе. Гьедин абизеги дида гьеб щиб жояли лъаларо. Ахираб заманалда чанги жоялдехун балагьи хисана. Мун к1очораб къо бук1инч1о цониги, дицаго т1ад юссине нух къот1ун бугин  рак1 ч1езаби гурони. Цогидаз «йокьулин»  абигун мунгун данде колей ятула…
Унго! Гьадинаб гьайбалъиялда бер хехго келарищха бихьиназул, гьел г1инкъал яги бецал ругин абураб лъица? Щиб г1амал гьабунги Халида цадахъ ячине кола…йокьулей, баркала гьел раг1абазухъ, дур бит1араб жеги къо радалго буго – кинабго заманалъ данде бачина – аслияб нилъ цадахъ рук1и.
-…Лъаларо,  бицинч1ого т1убалищали… - ян к1вен-к1вендилаго Халидаца кинабго Вадимил х1акъалъулъ бицана  Мухтарида. – Дица эбелалдаги бицана. Къайи нахъе босеян абигун «рак1алъе щвеялъе теян» гьимун ана Вадим. Гьесул г1адин пашманал берал рихьарал гуро г1умроялъ…Мухтар, божа щибниги нижеда гьаркьоб бук1инч1о. Абе щибг1аги, вуц1ух1ун ч1оге, дун г1айибай ятила. Клара-бажуца дир рак1-мак1 гьабун батила, гуревани мун гьедиг1ан вуц1ух1ун ч1елароан, дида т1асса лъугьане бегьулареб къаг1ида гьанже, – ян росасда бугеб х1ал бихьигун цодагьай аск1оса рик1алъана Халида, гьале…бихьиназе бигьа бук1уна жидерго ручабазда г1айиб г1унт1изабизе…Ахираб убаялъулг1аги бицинч1ого тун бук1арабани, зах1малъун батила дица чидар г1адамасда уба гьабизе тунилан. Цощинаб дида боржуларого бат1айиса маг1на гьабулеб бугодай?
-Дир пакъир, - ан гьабугьин гьелъул надалда баана Мухтарица.- Щиб бук1аниги ургъила, т1ад вуссинег1ан дица валагьила гьев… Г1умроялъ к1оченаро дуца гъоркье рехинч1еблъи. Ч1ух1ула дур къвак1иялдаса – миллионаздаса инкар гьабун бажарарай.
Халида гьесул жинда цим ва рак1 беки гьеч1еблъиялда божуларого лъимер киниги бадий ялагьун хут1ана.
-Дие бокьун гьеч1о цогидал  бихьиналгун …бич1улищ дие абизе бокьараб?
-Дун талих1ав вуго мун данде ч1ваялдаса. Бич1ула дуе абизе бокьараб. Т1оцебесеб курсги лъуг1ун рокъове каникулазда вач1аралдаса дида лъалаан мун тун бат1ияй яс дир рек1елъ йосуларейлъи. Мун йик1арай гьит1инай доб мехалъ. Гьудулзаби - ясал рук1ана, амма гьелгун цогидаб пишаялде рак1алда цин колароан. Мун мустах1икъай йиго Вадим г1адав бихьинчи аск1ов вук1ине.
-Нуж цо-цал багьаял руго. Дуе рек1ее г1ела гьев, саламатав…
-Божула… - ян х1еренго гьелъул расазда квер бахана Мухтарица жиндирго пикрабазда валаго « унго, кино г1адаб жо буго Халидаца бицараб, унго гьединаб данде ч1ваялдаса инкар гьабун бажаризе кани» ва рак1алдаго гьеч1еб бак1алда  халаткун гьелъул к1ут1бузда баана… – Дие йокьула мун… гьит1ин, дир ч1ужу…дун вокьун гьеч1ищ? Халидка…
Заманалдаса Мухтарихъа т1ирун йорч1ун, колидоралъуе к1анц1ана гьей. Болъодухъа т1аде яч1иней Сапиятихъа г1ажаиблъи бахчун бажарич1о:
-Щибниги караб жо батиларо гури?
-Гьеч1о. Рак1 гъоларого йиго, - ян ургъич1ого абуна Халидаца, талих1алъ Сапиятица жиндиралъулго ургъулей йик1ун эс гьабич1ого тана:
-Базаралде ун йик1ана. Къаси гьалбал рач1ине ругилан Мух1амад к1алъайгун.
-Унго? Кумек х1ажат батани дун йилъина.
-Жеги гьеч1о. Клараца ч1вала дун мун бусадаса яхъун ятани – хехлъи гьабун егизе а, - янги абулаго чурарал жалазул сок1к1и иту кьабизе гъоркье босун ана гьелъ.
Сапиятил болъодухъа гъоркье унеб х1ат1ил гьаракь т1аг1ингун  къирун нуц1агун къват1ив вакана Мухтар?
-Раг1анищ абураб жо. Дир эбел чи ч1вазе т1амич1ого егизе йилъа.
Гьесул куцалда балагьун елъи кун бажарич1о Халидахъа.
-Дун эбелалъухъе к1алъазег1ан бусаде щва, - ян кодоеги йосун рокъое жание хъамуна Мухтарица гьей, - гьалеха к1иго кири цадахъ. Рах1ат хоге, гьалгощинал моц1аз ч1арав, эбел яч1ун дур рак1 г1одобе бичазег1ан ях1 гьабун бажарила  дихъа, амма къаси ц1унайгиха, - ян махсаро гьабулго костюмгии бахъун рехун цояб кроваталда т1овит1ана гьев,- жеги берцинго божулев гьеч1о дун гьаб кинабго макьу гуреблъиялда. Магнитафон бичалищ? Радал мун елъулей йик1арай куц. Фу, дицаго дунго т1атинавуна.
-Бич1ич1о, - ян къандалъоялдаса бет1ер борхана Халидаца.
-Агь. «Ну погоди» ялъухъ балагьун йигеб мехалъ…Сапият ц1ехон к1алъалаго радал.
-Вай, дица эсго гьабич1о. Дур сих1ирлъи. Гьанже вач1инев вугин  гурищ дуца абураб.
-Тассалъугьа, зайчик.
-Дурго талих1 жакъа дун гьадинай лъик1ай йик1ин, - ан понц1озарун к1ут1бигун Мухтарида мугъ кьуна Халидаца.
-Адвокат квеч1ого  т1увалин коларо гьанже.
-Г1исада хабар кезабе, яги Саратовалде ах1е бае.
-Агьа…
Нуц1ида к1ут1игун бокьуларого т1аде вахъун ана Мухтар:
-Г1айиб гурищ пистолет гьеч1еблъи, вагъарич1ого лъуг1изавилаан нуц1ида хадув вугев чи, - янги абулаго рагьараб нуц1а хехго къват1ивехун лъугьун къана гьес.
-Огьо, - ян бахъана Г1исал гьаракь, - кида щварав?
-Жакъа. Мун эбелалъ Мах1ачхъалаялда вугин абуна духъе щваралъув… - ан гьудул нуц1идаса рик1ад гьавуна Мухтарица гьев.
Щаялиго гьеб рек1ее г1еч1о Г1исае.
-Мун цох1о гьеч1огонищ, дун жаниве щай вичаларев? -  ан шурун  ц1ехана гьес Мухтарида.
-А. Наташа йиго, - ян рак1алдаго гьеч1еб бак1алдаса махсароялда рек1ана  Мухтар. – Вилъа гостиниялда. Хаба-ч1абар щиб бугеб гьаниб?
Г1иса чаналиго минуталъ раг1аралъул х1исаб гьабулев хут1ана, гьас бицунеб щиб? Спальниялда Наташа! Халидал ц1ехолеб цин гьеч1о. Халида гьаний эбел-инсуца ячун анин гурищ Рафикица абураб…Щибго бич1улареб.
-Мун хисардулев щай? Цощинаб мекъи жо бугищ, - ан бич1улареб хвел гьабуна г1одов ч1аян гьесда  кресло бихьизабулаго Мухтарица.
-Ле, - ян жиндирго къаг1идаялъ ч1ванкъот1ун к1алъана Г1иса, - кинай Наташа спальнияльда  йигей? Халида гьаний йигин абуна гури дида.
-Халида жиндирго рокъой ятила. Наташа дир ч1ужу: гьудуласул яц. Аэропорталда стюардессалъун х1алт1улей йиго. Йихьизеанищ дуда, ян рекъезабуна Мухтарица гьудуласул кьер т1ун унеб бугеб куцалъухъги валагьун.
-Унго мун вугев гогьмаха цо,- ян абуна гьимулаго заманалдаса Г1исаца гьудуласда, - Наташкайищха дуе щварай. Дуни на, дагьаб хут1ана к1оене о щве1ого г1олареб бак1 бук1ин.
Бак1го т1адеги вахъун Г1иса ине лъугьана, хадув векерулев Мухтарил ва гьес бицунелъул сан гьабич1ого. Гьудул гъогълъун вук1ин ва жиндирго махсаро лъугьинч1еблъиги бич1ун.  Ахирги  костюмги кун ч1езавуна Мухтарица гьудул:
-Гьаглъуге. Халида йиго спальниялда, дунгун…Вилъа т1аде. Т1ассалъугьа. Гьей лъик1 гьеч1ого йиго, гьелъ щун вук1ана…Дида киданиги вихьун вук1инч1о мун гьединав. Унгоги дида Халида цо минуталъги гъоркье рехилилан мун шаклъиялъе г1ажаиблъула.
-Дун хехдарана. Кин йигей гьей гьанже?
-Т1убанго сахлъун гьеч1о.
-Салам бице. Ина дун. Дур жеги къоял ратила?
-Г1иса, аллагьасе г1оло т1ассалъугьа.
-Ц1и гьабуге, - ян курткаги рет1ун рокъоса къват1иве щаялиго г1едег1ун лъугьун ана гьев.
Ц1акъ рекъеч1еб жо канилан рак1 бух1ана Мухтарил – бащадаб лъаг1елалъ Халидал ургъалабазда вук1аралъухъ батила дица гьедин баркала кьураб. Унгоги  гьаглъун ватила дунан лъухьулаго бет1ергун болъоялдаго к1усана гьев. Талих1алъ бет1ер сверараб къаг1ида дир. Щаклъи гье1о…
-Мухтар! – ан инсул гьаркьихъе турк1ун вач1ун бет1ер борхана гьес.
-Салам г1алайкум, эмен, - ан одагьав вихадго к1ут1ун  т1аде вахъана Мухтар инсул квербаине.
-Ваалейкум салам. Вач1инев вугин лъазабич1огойищ вач1унев? Цощинаб караб жо бугищ? – ан рах1ат хун васасул бадиве валагьун ч1ана Мух1амад.
-Гьеч1о, эмен. Гьединго цодагьал къояз щвана. Мунго кин вугев?
-Лъик1 вуго. Ц1акъ лъик1 вач1арав, ч1алг1ун рук1анин ниж духъ. Эбел йихьанищ?
-Йихьана. Х1алт1и кин бугеб?
-Агь, добго акциязул   гвала-рахас. Мун кивениги иневищ вук1арав?
-Гьеч1о. Сапиятида кваназе жо босеян абилин вук1ана.
-А. Къаси Мах1суд, Хочбар ва Асхат рач1ине ккола нилъехъе хъизабигун. Щибдай гьабун лъик1…
-Бич1ич1о. Сапиятида лъаларищ гьел рач1унеблъи?
-Дие нужер ургъел буго. Халидаги гьаний йигеб мехалъ нуж к1иялго цадахъ столалда нахъа г1одоре ч1еч1ого г1оларо, бич1улищ?
-Дие бокьун гьеч1ищ ниж гьалбалгун рук1ине? Дун Г1исахъе ина.
-Мекъи бихьуге, дир вас. Г1адамазда хехго бихьула къвариг1ел гьеч1ебщинаб. Халида дур ч1ужулъи х1азе т1амизе к1оларо дида.
-Эмен! – ан борч1ана Мухтарихъа квеш бук1и бахчун бажаруларого. – Жеги ццим бихьула дур диде. Халидалгун дир гьоркьоблъи квешаб гьеч1о. Божа мун дир раг1абазда.
-Хьул буго гьеб гьедин  батани, – ян угьун х1ух1ел бичана ва  васасул к1игъажалда лъун нахъе квер босулаго херас.- Дун цо т1аде щун вач1инин.
-Кофегун дунги щвела, - ян бак1аб хабар т1асса кегун лъалаго разилъи загьирлъана Мухтарил гьурмада.
Гьев богорокъове вилъана. Цодагьалъ гьенив столикалда нахъаги г1одов ч1ун, «гьанже бегьилилан» т1аде вилъана. Баркала къисматалъе!!! Жанив лъугьарав Мухтарида Халидаги эменги сундалиго т1ад кеп щун релъулел ратана. Баркала къисматалъе!!! Азарго, анц1азарго!!!
-Кофе къезе хиял гьеч1ищ, - ян гьимулаго цин инсуда цебе, цинги  талих1го жиндихъ балагьун йигей Халидада цере х1ухьлалъараб кофеялъул чашкаби лъуна Мухтарица.
-Дун инароанищ, - ан намуслъана Халида.
-К1варич1о. Гьари буго цодагьаб мехалъ сунданиги квал-квалдугеян. Сапиятица т1убала кинабго. Г1айиб гурищ Клара кват1илей йигей, - ан цоц1ул к1алдиб босун гьекъон бахъинабуна Мух1амадица ва рек1еда парахалъиги бач1ун лъимал жалго тун лъик1илан  «цоги т1езе инев вуго» ян вахъун  вилъана.
Мухтарица вуц1ух1ун  эмен нуц1ихъе щвезег1ан т1овит1ана.
Мух1амад гьоркье щвейгун  рет1ел хисулей ятана  х1алт1удаса щварай Клара. Рос вихьигун данде йортана гьей:
-Дуда Мухтар вач1ун вук1араблъи лъалеб батиларо, - ян свакараб гьаракьалъ шурана гьелъ, вас т1аде вуссун аравалаян кун.
-Кларочка, аллагьасе г1оло. Кидаго лъил-лъилниги ургъел гьабулаго дун к1очон толев вуго дуда, хирияй. Цо баэ дида. Божа, къаси мустах1икъ гьавуна къисматалъ  дун гьелъие.
-Аллагь, дун свакан йигей куц. Къомех лъик1 гьабич1ого арав къаг1ида…Халида кин йигей?
-Дида щибго бич1уларо. Халидагун вуго Мухтар. Гьел цоцада рихьиялдаса рохун ругоан тана дица къаси.
-Гьел цоцазда к1алъалел  ругищ? Унго!? Мух1амад?
-Гьеб бицунев гурищха дун дуда вугев. Гьел рекъани г1ажаиблъиларо  гьанже.
-Цох1о рихьизе ина.
-Клара! Гьезул гьадинги абурал къваби гурони  гьеч1о!
Амма гьей болъодухъа т1аде тулпар киниги т1ерхьун ана ва нуц1ида к1ут1изе рек1еда ятич1ого жание лъугьана. Халидаги каранда къан рукъ бакьулъ эхетун вук1арав Мухтарихъа х1алихъа кун бажарана эбел йихьигун  т1урун яхчине лъугьарай ч1ужу. Циндаго эбел жаний яч1иналъ дагьа-макъавго Мухтарги цин вихана, амма  гьел цадахъ ратиялдаса йохиялъ раг1и  батуларого йигей эбелалда щиб абилеб:
-Ма, киг1ан лъик1 мун яч1арай.
-Т1ассалъугьа, нуж гьанир ратилин йик1инч1о дун, - ян рохи бахчулеб бук1инч1о Клараца.
Мухтар гьимана – уха, кире дай ниж ратилин йик1арай – инсуца бицун батила – гьале екерун щвана балагьизе.
-Ма, цо лъазе бокьараб жо бук1ана, – ян каранда гьумерги бахчун аск1ой йигей Халидал бот1рода квер бахана гьес.
-Щиб, дир вас? – ан цебе батараб бак1ида к1усана х1ал хисулаго Клара.
-Г1адамал кин рат1алъулел? – ан инсуца киниги ч1ван къот1ун ц1ехена Мухтарица, Халидал къуват г1олеб гьеч1еблъиги бихьун.
Эбелалда цеег1аги йичазе бегьуларищ, сундасанго къаларо Мухтар: кидаго жиндир йигеблъи г1адамазда бич1изабулев киниги. Клара-бажуда рак1алде щибдай кана, дир гьумер къохьол бугеб киниги, рекъон гьеч1о…
-Мухтар! Нуж… бет1ер сверуге. Цодагьалъги г1едег1уге. Халида, дир яс, нуж рат1алъани дун рак1 кьвагьун хвела…
-Ма, – ян к1алъана гьелда бат1айиса бич1улеб бук1ин бихьарав Мухтар ва Халидаги йичан тун эбелалда аск1ов вилъун къвал бана, - ма, ниж рат1алъулел гьеч1о. Халидае бокьун буго лъазе дица «бокьаралъуе щвезег1ан аян» абураб жо рат1алъи коладаян. Гурищ, Халида?
Кида  гьаб гьагаб, циндаго гьелда гьагаблъун бихьвараб хабар лъуг1илебан кроваталъул раг1алда г1одой к1усун йигей г1адан, ч1амуч1аб гьимигун Мухтарихъ ялагьана:
-Мухтар, гьеб къо г1адамасда ч1езабич1они лъач1ого хут1илаан гьеб, мун вугев бат1ияв г1адан…
Клара цодагьайго эсалде яч1анин  кана:
-Дир гьит1инал, - ан к1иязулго бадий иргадал ялагьана гьей. – Гьедин рат1алъулел г1адат гьеч1о. Дун  х1инкъизаюрай куц дуца, Мухтар, инсул сог1лъи кьурич1ого духъ бугин кола… Лъабц1ул ах1улел-толел жалгун гьабула гьеб. Бахиллъула гьеб гурони нужеда гьаркьоб караб рак1хвей батич1они.
Т1ат1алаго чвахулеб маг1угун гьелъ  Мухтарил жиндирго накабазда кидалиго лъимерлъиялда киниги лъун бугеб васасул бет1ер лъухьана.
-Баркала, ма. Халида х1инкъун йик1ана дир раг1абазабаз нижер ригьин бихизабун батилин абун.
-Коларо. Бокьани мух1кан гьабизе инсуда ц1ехе. Дун  талих1 йиго жакъа… - ян Халидахъ ялагьана гьей. – Г1едег1уге, ригьин рекерун гьабулеб ялъуни хвезабулеб г1адат бук1унарелъул.
Вахъинавун васгун г1одой ч1аралъуса т1аде яхъана Клара:
-Дун ина. Гьалбалги рач1ине кола. Мухтар, дуе чан къо бугеб?
-Ич1го хут1ана, ма. 
Цоги х1алимго лъималазеги гьимун Клара гъоркье йилъана.
Г1езег1ан заманалъ сих1къот1ун цоцада къочухъего гордуда цере эхетун рук1ана, цинги Мухтарица бет1ер борхизабун чанго нухалъ баана 1ужуялда. Гьесие бокьун бук1ана лъазе жив цодагьавг1аги хиралъанищ Халидаяли, ялъуни жийго йик1инег1ан рекъон лъик1иналищ йигеяли, амма ц1ехезе къуват г1еч1о, нагагь… аск1ор руки аслияб. Хут1араб заманалъ жинцаго мухъде бачина кинабго. Рохъоцин хут1ич1ин ккараб бак1алда ц1ияб ц1адул кунч1и бакки къисматалъул гьарзаяб сайигъат буго дие. Недегьго дида къочун ч1ей бихьуларищ, эбелалъухъ урхъараб лъимер киниги…
Гьев жиндихъ валагьун вугеблъи якъинлъигун Халидаца бет1ер т1аде борхана.
-Дида киданиги к1оченаро гьал талих1ал лах1затал.
Вуц1ух1ун гьаниб-доба расазда баулаго Мухтарица гьей кроваталда йосана.
-Мухтар, дие ц1акъ лъик1 буго мунгун цадахъ, цебе абуни г1ажаиблъи, бук1инч1о гьединаб асар дир чорхолъ, рек1елъ…
-Йокьулей, сундухъ жакъа дие гьадинаб гьарзаяб талих1. Дур х1еренлъи, недегьлъи балаялъул, гьимиялъул к1арчамлъи…
Колидоралъуб ручабазул релъулеб ва нуц1ида к1ут1улеб гьаракь бахъана.
-Мухтар! -  ан  к1анц1ун яхъана Халида ва шкафалъуй хъирщардулей ххвел гьабуна.
-Рег1и г1адамазул, - ан угьун х1ухьел биччалаго покрывало бит1а-бишизабуна Мухтарица кроваталда  ва нуц1а рагьизеян вилъана.
Къирун нуц1агун Асхатил ясик1о киниги къач1арай Райх1анат ва Мах1судил Саида рач1ана жанире лъугьун.
-Ворч1ами, Т1ассалъугьа заман гуреб мехалъ кун ратани, - ян гьимулаго иргадал Халидада къочана гьел, цинги Мухтаридехун руссун. – Лъик1 щварав? Х1алт1и-пиша кин бугеб дур? – ц1ехардана гьел.
-Нужер гьайбатлъи ясал къаси, - ян жавабалъе махсаро гьабун гьимана Мухтар, - баркала ниж к1очонарелъухъ. Нужго, рокъосел щибулел ругел? Дун бихьиназухъе ина нужер, ручабазул хабар-к1алалъе квал-квал гьабич1ого.
-Бахилъараб г1ужда руго нуж, - ан креслоялда т1ад рах1аталда г1одой ч1ана Мухтарица жиндаго хадуб нуц1а къан бахъингун  Саида.
-Сессия кин араб, Халида? Дир хьул хьуллъунго хут1ана Асхатиеги ун, - ан кроваталда жиндиего санаг1ат гьабуна Райх1анатица.
-Квеш кеч1о, - ян гьалбазул т1алаб-агъаз гьабуна Халидаца.
Цереги г1емер т1аде-гъоркье щун, элъ Халидада лъик1 лъалаан к1иялго ва гьезул рокъосел, лъимал. Жиндаса к1удиял саназ рук1аниги рачинахъего рек1елъе росана Халидал гьел тамахал, г1одоре ричарал, бечелъиялде ругьунал ручаби. Райх1анатихъ ялагьун жиндие анищ гьединай  саламатай, мух1канай сундулъго эбелан чанги колаан. Бахиллъи бач1унаан гьелъул цох1о йигей ясалда Каринада.
-Нужго кин ругел, Саида-бажу? Гьит1инал щибулел ругел? Шамильчик дида вихьич1елдаса к1удияв г1ун ватила? – ян альбомал ва модаялъул журналал цере рахъун столикалда лъуна  бокьаразе балагьизе.
Альбомалдаса бортун ана бах1аралъул столалда нахъа ч1ун бахъараб сурат – Г1исал махсароялда жийго гьимулей… Киг1ан замана бук1араб киналдаго ят1алъаралдаса къоно ч1ван, гьале гьанже кинабго к1очон тун бегьулебани регилаан Мухтарилгун цадахъ суратал.
-Бихьея. Квеш гьеч1о, аллагьасе рец, - ан лъималазул ц1ехейгун нур бана лъалаго гьелъул гьурмада Халидаца кьураб сураталухъ ялагьана. – Дур берталъа рокъоре щун   тун дур берцинлъиялъ асир гьавун вук1ана Асхат. Гьесул рокьи кезе хут1араб жо бук1инч1о, – ян к1арун елъана гьей.
-Божизе зах1мат буго мун г1адинай хъизан йик1аго цоги ч1ужуг1аданалъул эс гьабулин Асхатицан, – ан елъана Райх1анат.
-Амма гьеб гьедин бук1арабха. Цо бер ч1варабго бихьинал асир гьарулел берцинлъхи буго дур, Халида. Божа.  Асхат вук1уна дун ц1орорай йигилан, гьедин батила.
-Унго нужер ургъалабианищ дие, – ян гьимана Райх1анат, - гьанжеанищ дие къого сон…Мах1судида ячунахъего гьикъун бахъун кана берцинайги гьеч1еб мехалъ щай ячараян. Лъалищ бащадаб саг1аталъ вуц1унги ч1ун гьес дида абураб жо?
-Щиб жо? – ан аск1ое г1одой ч1ана Халида гьелда.
-Тамашал чи руго нуж, бищун ц1одорай йигилан тарайги г1абдал ятулила, – ян.
-Лъалищ, цоцо Асхат дихъ валагьун вугев мехалъ гьедин абизе бокьун бугин дидагиян кола.
-Щиб бицаниги бихьиназе, гьезул гъварилъиялде нилъ рахунареблъи х1акъаб. – Ан к1алъана ручабазухъ иргадалги ялагьун Райх1анат.
Гьимулаго жиде-жидер пикрабазда рана гьел.
-Каринаде ч1алг1ун йиго, Райх1анат-бажу, каникулазда ругьунго курорталде ун ятила?
-Монакоялде инеян йик1ана, пакъир. Киса! Цо талих1 къараб зачет сабалъун г1азабалда йиго Лихтманиде, гьев профероссаде нух батуларого мугъ бекун нижги руго.
-Ургъел коге, гьарула. Карина ц1ализе кидаго лъик1ай йик1ана. – ян гьарзаго гьимана Халидахъе бер щвезабулаго Саида. – Гьелъ кьеч1еб зачет бук1инарин…вай, дидаги я ян абизег1ан бач1ина гьел ургъалаби…
-Лихтманица рушбат къабул гьабулеб гьеч1о, гьеб гуребги живго ректорас абуна аск1ов гьаризе ун пайда гьеч1ин. Пакъир Кариночка, щай гьесие гьей рек1ее г1еч1еяли…радал-къад т1охьодаса бер т1аса босараб замана гьеч1ин  ясалъул. Каникулазул къвабиги т1аг1унел руго, лъимаде х1ухь бахъиго щвезехъин гьеч1о ясана. Мах1судги вуго цо бугеб лъимал зачет гьабун бажаруларев живги г1аданилан вугин ракьалда хьвадулеван бак1 батуларого.
-Цо-цо рук1уна гьединал т1ирун ч1олел преподавательзаби, Нижерги ратила. Талих1алъ гьанжесал йорч1ана, - ян х1алимго гьиман Халида.
Бицинч1ониги Халидал ц1ализе бугеб пагьму лъаларев чи вук1инищха. Гьел т1оцере г1ажаиблъун рук1унаан гьей Мух1амадица учительницалъун ц1ализе ичанилан. Гьеб гуребги Мухтарил хъизан учительница!? Тамашаяб ригьин,  берцинлъи…
-Лъаларо, дир яс. Гуреб бак1алда ургъаликь кун руго ниж, – ан гьимулаго т1аде яхъана гьей. – Дун цо Кларахъе ина. Данде базе жо бугин гьелъулгун.
-Нижги кват1иларо, – ян гьимулаго Саидаца телефон аск1обе ц1ана. – Цо рокъобе к1алъазе – ургъел бук1уна, х1алихьалъиялъ  лъималазул – рак1 парахалъуларо цадахъ бер босич1ого аск1ой Парихан йигеблъи лъаниги…
Нуц1ихъе Райх1анат-бажуги рег1ун,  Халида къаси рет1ине гурдеялда хадуй шкафалъуе якана.
Саламатго заманалъ телефоналда юссун Саидагун щиб рет1инебали лъаларого эхетералъуйго хут1ана  гьей, цинги нек1оги гьалбал рач1арабго рет1унеб бук1араб гурде къват1ибе босана:
-Щиб рет1инебали лъаларо,  – ян гьимана гьей телефоналдаса хабар лъуг1уларей Саидае.
-Вай! Дуда щибго рекъола Халида. Ургъел гьабизе батараб жо бихьуларищ?  - ан трубкаялда квер ч1вана гьелъ. – Х1исаб гьабе яцалъул лъимал рач1ун ругила къаси ниж цереса кьуригун – Шамилица к1алъан батула эбел-эмен гьеч1ин рач1аян – унго г1иссинал жалазул нахъа г1унт1и, - гьадингоги гьезда щиб гьабилеб лъаларого йик1уней Парихан кие к1анц1иеяли лъаларого ятила…Халида, гьаб щиб цо дида бихьич1еб берцинаб гурде, - ян телефон тана гьелъ.
-Данделъарабго босараб, рак1алда гьеч1ищ?
-Рак1 г1антлъун буго дир, велъулев вук1уна дида Асхат. Нужер жеги къоял ратила?
-Мухтарил ич1го къо буго, дир каникулал лъуг1ана гьанже.
-Г1айиб гурищ… т1оцере, данделъаралго цоцадаса рат1алъизе к1олароан дида Асхатгун, заманалдаса ругьунлъана. Халида, метер  нижехъе яч1инч1они дун дуда барщила. Асхат командировкаялде инев вуго моц1алъ.
-Лъаларо. Мухтар кивениги ани яч1ине щвела дие…
-О! Талих1ал. Нижги рук1унаан кидалиго гьединан, щибаб къойида барахщун.
-Ц1али тезе бокьун гьеч1о…
-Вай, тоге. Дир г1адин кола. Релъенал рахунарищ?
-Лъаларо. Къаси гьеч1ониги бегьилин кола, - ян мат1уялда цее сверана Халида мух1канго киналъухъго бер щвезабулаго.
-Ясал, бегьилищ. – ан жанив лъугьун вач1ана Асхат-аци.
Саламатго хъах1лъун бихьула бет1ер… - Халидка, кин йигей мун? – ан аск1ов вач1ун къвал бана. – Лъаг1алида жаниб цо цо х1урул г1иналда  бер ч1вазе        тола г1умроялъ дида.
-Баркала, Асхат-аци. Гьанивехун вилъа г1одов ч1езе, - ян кресло бихьизабуна намуслъи бахчулаго Халидаца.
-Г1одов ч1еларо. Сессия кин араб?
-Лъик1 ана. Баркала.
-Молодец. Каникулазда вач1ине рес щвараб лъик1 Мухтарие. Нуж гьанир рахчун т1уралин ратани – рахъа рилъа- дун нужеда хадув вакил гьавуна Мух1амадица. Мухтар инев вук1аравха, амма  дун цеве ворч1ана. Къаси лаззаталда пианиноялъухъ г1инт1амизе хьул буго, Халида?
-Ниж гьабсаг1ат щвела, - ян рос нухда лъуна Саидаца.
«Бич1анаян» бет1ерги гьанк1ун Халидаеги   гьимун Асхат къват1ив ана.
Рет1елги хисун кват1ич1ого гьалбазул рокъове щвана Халидаги. Рихьич1езда к1алъа-бацан Кларада аск1ой г1одой ч1езе унаго Асхатица гьей пианиноялда аск1ой ячана.
-Гьарула, Халида. Ниж духъ г1инт1амизе рак1арарал къаси гьанире.
Мух1амад аб-доб  гьалбазе бицунаго жанисанго ч1ух1ун вук1ана нусалдаса, талих1ав Мухтаридаса, хъизамалдаса ва жиндасанго. Аллагьасе рец лъимал рекъани, т1ок1абги щиб херасе къвариг1инеб жо.
Цо к1иго Листил пьесаялда г1инт1амун хадуб киналго кваназе г1одоре ч1ана…
Гьуинаб хабаргун кват1изег1ан столалда нахъаса рахъич1о. Цинги кваналаго десертгун рах1аталда нахъойги Халида бакъан бачине т1амуна. Иргадал кьурдулаго…
Мухтар цох1о гьаригун вук1ана  столалда нахъа г1одов ч1ун: кидадай гьалбал инаян…Халидагун гьелги тун ине рес бук1арабани. Гьелъиени сундулго ургъел гьеч1ин кола. Аск1ой йигониги «рик1к1ад» йик1уна.  Къочун гьелдагун гьаглъизе бокьун бугеб куц. Лъиданиги инеян рак1алдецин колареб г1ажаиблъи, анц1ила цоги т1убанин. Талих1алъ макъанги лъуг1инабун т1аде яхъана. Баркала кьолаго гьалбал гьелда сверун рак1арана. «Спектакль» х1ач1ого бегьулареб къаг1идаян жанисанго гьалдолев вук1ана Мухтар, амма эбел-эмен т1аде рахъингун цощинал гьалбал ине лъугьинародаян к1ут1ун т1аде вахъана. Гьесул гьари къабул гьабураб киниги  гьалбал кват1ун бугин ине лъугьана. Рак1-рак1алъ цо-цае къомех лъик1ги гьабун бащадаб саг1аталдса жиде-жидер рокъоре лъугьине рес щвана  гьезие.
-Сордо лъик1ан, - Клара-бажудаги абун егизе йилъана Халида.
Г1ажаиблъа, Мухтар жеги ва1ин1ого гъоркьан т1аде?! Рах1аталда, щват биччан кьижизеян рет1ел бахъунаго рак1алде щвана къад гьабураб махсаро « къаси ц1унайгиха»…К1очонеб бук1араб гьесулгун аск1облъи ц1идасан цебе т1амун бач1ана Халидада…Х1асраталъулъ сог1ав, хъант1ав. Гьанжеги добго…угьун х1ухьелги бичан телевизоралда цее, г1арабай г1адин г1одой ч1ана, нуц1ида к1ут1и бахъинег1ан. Мухтар кват1улев вук1ана. Бащадаб саг1аталъ гьалбал нуха рег1изе рес гьеч1ин ан т1аде яхъана Халида  ва шкафалдаса  жиндирго рет1елалъул чемодан къват1ибе босана, щибизеян ц1ехани гьелда гьеб лъалароан, амма  рук1арал щинал т1ажал, трусикал, майкаби, пижамаби тасса-гъоркьан т1ад рет1ана. Х1алихъего галабиги ралаго  бусалъе лъугьана, рет1арабщиналъ ягъа-ячаризе толарого. Свинабуна чирахъ.
Гьеб заманалъ ваннаги  гьабун вач1ана Мухтар ва бец1лъукье бигьагьавун кроваталъухъе нух балагьана. Канлъи свинабун батигун рак1 бакъвана гьесул: гъодиг1ан дун урхъун вугеб мехалъ. Нек1оги аск1облъи бокьун гьеч1еб мехалъ канлъи свинабулаан Халидаца. Бец1лъиялда гьесдаса х1инкъулаан гьей. Халатги бак1ида рехун бусалъе лъугьана:
-Халида!…Халидка! мун кьижунищ, - ан гьей жиндехунго юсинаюлаго тамашалъана, амма кин щибали берцинго бич1ич1о гьесда.
Халидал х1аялги рич1ун велъулаго к1ут1бузда баана.
- Гьедиг1ан йицатай ч1ужу йигин диран вук1инч1о. Райх1анатица малъун батила.
Жий кьижун гьеч1еблъи росасда якъинлъигун Халида г1исин кун елъана х1алихъего росасдехун юссунаго.
-Кверт1ахелалги росун вач1инищ? – ан ночник рек1инабуна гьес ва г1аг1ашикъго Халидал бадив валагьун ч1ана, - дицаги ц1одорлъи гьабун лъик1, нагагь батарейкаби свани…Халидка, дунгун аск1облъи бокьун гьеч1ищ дуе?
Гьеб шуриялда бук1араб г1азаб, рак1 беки, божилъиялде хьул…
-Дир махсаро буго. Кумек гьабе.
-Дир г1антай гьит1ин, - ан роц1ун вач1унаго халаткун к1ут1бузда баана.
-Йиччай, баг1арун буго, - ян х1алалъ т1асса вич1инавуна гьелъ Мухтар.
Вуц1ух1ун, гьабизе жо гьеч1ин, цо-цо кун рет1арабщинаб т1асса бахъун ч1абаралде базе жувана гьев.
-Фу, свакана. Цодагьал мадугьалзабазулги росизе колаан рук1арал.
-Т1ассалъугьа, - ян т1адагьлъигун г1одой ч1ун Мухтарил гарбида кверал жемана. – Т1ассалъугьа.
-Радал дица гьаб кинабго  гвала ц1ун мусор баччунеб машинаялда хьваг1изе буго. Цо трусик ва майка – гьелги къад рет1ине. Раг1улищ?
-Угьу, – ян к1арун елъун йичан тана Халида.
-Елъа, елъа. Бегьулебани ручабазул бельёялда талонал ч1езарилаан. Дицаго росаралги т1аса рахъизе карав дун. Рогьинег1ан х1алт1и буго. Хирияв аллагь, дирго  ч1ужуялъухъе щвезе к1оларого бугеб къо бихьи, - ян махсарабигун комбиняциязде щвейгун х1ухь бахъине г1ебеде ч1вана гьев.
-Мун кьижа, хут1аралъе дицаго санаг1т  гьабила.
-Г1адада гуреб абулеб: ч1ужуг1адан цо минуталъ жийго тогеян – гьел джиназ гьагалде т1амулилан. Лъуг1аравго ворч1инаве, – ян унгоги къанщун бералгун кьижулеб хвел гьабуна Мухтарица.
Жиндирго г1адалъиян к1алалги гьикъулаго рет1ел бахъун лъуг1инабуна Халидаца. Заманалдаса г1ет1уцаги ец1улаго ахирисебги бахъун гох1иде рехун,  чвердезеян кроваталдаса гъоркье лъугьана, амма  росасул гьаракьалъ танхъинаюна гьей:
-Сордо бащалъарабго росги тун яхъарай? – ан кенч1олел бералгун гьимана гьев ва гъеж кун бусалъе ц1ана…
-Дун  гьабсаг1ат. Божа, цох1о лъелъе ччузе.
-Халидка, унго дур г1асилъи! Яч1а дихъе. Мун йокьун инагьдулев вугин дун, - ан тамахго каранде къана гьес мук1урго цее щиб гьабилебали лъаларого, эхетун йигей ч1ужу, – дие йокьула мун, гьит1ин. Ч1алг1ун вугеб куц.
Саламатаб заманалъ рукана гьел цоцада къочарал цолъарал киниги  рат1алъизе бокьуларого.
-Дуе лъик1 бук1анищ?
Халидаца бет1ер «бук1анин»  гьанк1ана – раг1и абизе нечараб жо ва х1айранго гьесул г1ат1идаб каранда бет1ер бахчана.
-Дие йокьула мун. Мунги ругьунлъилей ятила диде…
-Мухтар, дие вокьула мун,  – ан  шурана  гьесул  каранда бет1ер санаг1аталда лъолаго.
Гьанжесал гьесул щаклъи бук1инч1о гьел раг1аби рак1-рак1алъ абурал рук1иналда. Кинабго лъик1 бук1ина, дун г1едег1ич1онани… Рогьинег1ан росас бицунелъухъ х1еренаб накъиталухъ киниги г1инт1амун йик1ана  гьей.
Арал лъа1ого къоял ун, Мух1амадиа ва Клараа лъимал нухда т1орит1ана.



* * *
…К1иго-лъабго къойида жанир институталдаса документалги Саратовалде руссинарун, Вадимил арти-авал балагьана гьез ва телефоналдаса к1алъана Халидаца гьесухъе:
-Алло?
-Г1инт1амун буго, - ян бахъана гьесул г1одобе бичараб гьаракь.
Машиналъув вук1ин х1акъаб – моторалъул хъир-хъири бугоан раг1улеб.
-Ворч1ами. Халида йиго к1алъалей.
-Дида лъана дур гьаракь. Дун гьабсаг1ат щвела, мун кий йигей?
-Вадим, дир росасе мун вихьизе къвариг1ун вуго.
-Щибизеян абиларищ?
Танхъизабулеб машиналъул гьаракь бахъана.
-Дун гьевгун рекъана…
-Божуларо.
-Дуе бокьахъе ургъе. Кида санаг1ат бук1инеб данде ч1вазе?
-Росгунищ? – ан абулаго пашманго гьиманин кана Халидада гьев, - дие гьев вихьизе бокьун гьеч1о. Бич1улиш? Дие Халида къвариг1ун йик1ана, гьанжеги инкар гьабиларо…дида толей гьеч1о мун к1очон. Доб сордоялъ дирго тамахлъиялдаса т1ассалъугьине к1оларо. Мун киса к1алъалей йигей?
-Мухтарил машиналъуса.
-А. Гьев аск1ов вугищ?
-Гьеч1о.
Мухтар машиналда аск1ов дове-аниве вилъунев вук1ана.
-Халида, цох1о раг1и абе «уян» дунялалъул принцесса йик1инайила дица мун. Божа, жеги кват1ун гьеч1о. Нилъ цо-цае рижарал руго. Раг1улищ? Дуда бараб буго кинабго. Мун гьеч1ого квеш буго дие…
-Г1ела, Вадим. Къайи Рафикихъ толеб буго. Дир т1ок1аб абизе жо гьеч1о, гьарула, т1алаб гьабе дурго къайиялъул.
-Я дуда, я дида гьеб хабар рекъон гьеч1о. Г1едег1уге,  Халида.
-Къо мех лъик1, Вадим, – ан хабар къот1инабуна Халидаца ва машиналъуса къват1ие йилъана, - гьев вач1унаро…къайи Рафикил доба танилин абуна, бокьараб гьабеян.
Мухтар вуц1ух1ун гьелъул лъалеб – лъаларедухъ хисараб гьумералдаса бер босизе к1оларого хут1ун вук1ана. Руц1ух1ухъего к1иялго машиналъуре рек1ана.
Халида унгоги рак1 бикьун сан-сандана. «Г1едег1уге, г1едег1уге» киг1ан талих1 къвараб къоялъ данде ч1ван йик1араяли дун гьесда, г1ебедего г1аги вач1арав щибизе Мухтар – гьанжеги данде кеч1они… Гьагал пикраби – кинабго лъик1 бук1ина. Гъоркьанго Мухтарихъе ялагьана гьей. Цо жоялде ургъулев вуго гьев…Щаялиго х1инкъ рещт1ана Халидал рек1елъе, амма аск1ой йигей ч1ужуялда бер щвезе толарого машина хъамулев вук1ана гьев.
-Кире? – жиндаго лъач1ого гьаракь борч1ана, росасда бугеб х1алалъ щибго тохаб жо келадаян рак1  бихулаго.
-Йилъа дунгун, - ан кьог1го гьимун т1аг1анин кана гьелда росасул гьурмада сог1аб кунч1и.
-Те, дун…свакан йиго, – ян «добго  хабаран» сундасанго рак1 бич1ун лъугьана ругьунавго Мухтар вихьигун ва ч1амуч1го берал къанщана, киг1анго гьесда цебе х1ал лъараб жо колеб бук1ин бич1аниги.
Цодагьалъ гьелухъги валагьунги ч1ун, цинги килщал унтиледухъ руль данде къана щиб гьабилебали лъаларого – Халида щакдарилей йик1ин якъин – гьанжего гьанже цоцаде  ругьунлъулел ругеб мехалда. Кида, рак1 г1одобе бичараб къо дие щвезе бугеб?! Кида гьаб г1азаб лъуг1унеб…киданиги, Халида г1адай яс ч1ужулъун йик1аго, кидаго…
Вахъун меседил къайи бичунеб «Алмаз» тукаде жаниве лъугьана ва хагарай  йичарухъаналда цере лъабго бриллиантаз къач1арал дунялалъул багьаби ругел кольеби лъуна ва к1ватулев вугев киниги кассаялда г1арацги кьун машинаялъухъе г1едег1ана. Халида ругьунабго ч1аголъи гьеч1еб балайгун гьес товухъего йигоан. Мухтарица коробкаби гьелъул накабазда лъуна:
-Халида. Дуе зах1мат батила. Абе щиб бук1аниги, гьарула, ч1оге гьедин. Берал рагье дир, гьит1ин.
-Гьит1ин? Дие щивниги къвариг1ун гьеч1о. Цодагьай гурх1ула гьесда, бич1улищ, – ан ро                ц1ун ана гьелъул гьумер, - Т1ассалъугьа, лъик1ищ? Дун мекъи йиго, гьаб нухалъги.
Амма къанщарал берал рагьич1о, х1ал г1олареб киниги.
-Йокьулей, - ян бигьалъи бач1унаго жиндирго накабазда ячун г1одой ч1езаюна ва гьаниб доба гьумералда баана берал рагьинег1ан:
-Дие щивниги къвариг1ун гьеч1о. Бич1улищ? Дудаса лъик1ав вук1унаро,  – ян тамахаб балайгун гьесул бадий ялагьун ч1ана Халида ва  гарбида къвал жемана.
Цодагьай гурх1изе бач1ана гьелда жиндаго ва Мухтарида, Вадимида… Араб аралъуб тун лъик1, г1умроялда чанги данде ч1ваял ва рат1алъи бук1унеб батила, щибалда  рак1 бух1ун хисизе жо батиларо. Г1ела вас-васдарай, замана бук1ана – дунго к1анц1ана к1иабилеб нухалъ Мухтарил къвалакье…
- Мухтар, дие вокьула мун.
-Баркала, хирияй, - г1одове къулун Халидаца жеги эсцин гьабич1ел коробаби цояб босун рагьун гьелда цебе куна.
-Вай, гьаб киса. Берцинлъи! – ян йихун кана гьей кольеялда бер ч1варабго.
-«Моц1рол канлъи», дуе босана.
-Унго, гьайбатлъи!
-Гьале жеги, - ян нахъойги квашун квералъ к1иябго коробкабиги  регьана гьелъухъе.
Халида заманалъ гьеч1еб бак1алдаса  берцинал игрушкаби щварал киниги, цин цояб рагьун,  цинги цоялдехун юссун йик1ана. Йищаризе гьей жуярайго талих1аб гьими квезе к1веч1о Мухтарида.
-Гьит1ин, гьел киналго дур руго.
-Дир?!
-Цоц1ул абунаха, – ян ч1инт1иледухъ каранда къана гьей.
-Мухтар, гьал унго дие? Бриллиантал гьалгощинал?! Рокъор ругел цин кире ралелали лъаларого йик1унеб мехалъ…гьанже гьал ц1униялъулги ургъел бук1ина…Берцинлъи гьазул, цояб бихьани цояб к1очон тараб буго. Клара-бажухъениги тезе кела.
-Дир эбелалул гурони сейф гьеч1ебжодай дунивалалда? – ян велъулаго халаткун гьелъул к1ут1бузда баана. – Уйищ Халида? Дие йокьула мун.
-Вай. Машиналда жаниб? – ан кольеби к1очон тана гьелда, амма йорч1уларейлъи бич1игун мук1урго росасухъ ялагьана.
-Баэ дуцаги дида.
-Нолъги кьижич1еб мехалъ…
-Нолъ дунали кьижун вук1ана, лъаларо мун щибулей йик1араяли. Кофе гьекъеч1ого завтрак гьабураб х1ал буго дида.
-Кофе сунцаниги хисизе бегьулареб жодай?
-Бегьула. Г1ин гьанибехун гьабе шуризе?
-Махсароде колейищ?
-Гьеч1о, - ян циндаго саламатаб куц гьабуна гьес. Х1инкъи гьеч1еблъи бич1ун Халида гьесда аск1оег1ан къана, бадий ялагьун ч1ана.
-Г1инт1амун буго.
-Лъимер гьабе, - ян г1одобцараб гьаракьалъ абун, гьелъул гьумер жиндирго хъатикье бачана гьес,  - Дурги дирги лъимер бук1ине бокьун гьеч1ищ дуе?
Нечоца холаго:
-Лъимал Аллагьас кьолел жал рук1унелъул, - ан  берал къанщана циндаго бадиб хулун бач1араб маг1у бахчулаго Халидаца.
-Дур инкар гьеч1ищ нилъер лъимер бук1ине? У, Халида?!
Гьесда колеб бук1ана Халидаца лъимер кеялдаса ц1уни гьабулеб бугин абун…
-Хирияй, дургун лъимер бокьун бугеб куц дие. Цо дудаго релъарай яс ва к1иго дида релъарал васал. Раг1улищ?
Халида ялагьун ч1ун йик1ана талих1алъ кунч1и рек1араб росасул гьумералда. Унго гьев гьаб миркалъ вугев берцин. Дир бихьинчи.
-Дида колаан дуца ц1уни гьабулеб бугин, гьанже камурал дараби гьеч1елъул.
-Мухтар, дида жеги таблеткабазул хабар лъаларо, къвариг1ани дуца абилин йик1ана – дуцаги щибго абич1о, гьеб гуребги лъимаде дунги кинго яхъинч1елъул, щаяли лъаларо – бокьани балагьизе врачазухъе инищ?
-Цодагьалъ ч1а, Саратовалда балагьун рихьилин, – ан х1еренго т1ат1алаго  Халидада баана. – Дие йокьула мун, лъималги рук1инел ратила. Тамаша эбелалъ дуда хабар гьабич1ого тараб гьелъул.
-Вай, - ан нечана Халида, - Клара-бажуца щиб дида абилеб, гьеч1еб лъимада?
-Дуда бат1айиса бич1уге, гьарула. Ручабазул къаг1идаялда малъ-хал бук1инарищха.
-Г1елаха, Мухтар… Заманалдаса эмен гьоркьов ч1вазавила  дуца гьенив…
-Ва! Дуда колев гьесие внук вокьун гьеч1иналищ!?
-Бич1ана, Мухтар. Саратовалда балагьун рихьила, дуцаго абухъе. Лъик1ищ?
Къанаг1атаб оада т1ад рекъей бук1ана  гьал к1ияздаго гьоркьоб…

* * *
Талих1ал къоязул къимат лъала гьел  арал мехалдайин г1адада абулеб батиларо г1умро бихьараз. Абизеги хъах1аб мухъалда хадуб 1ег1ераб бук1унин абуларищха. Кезеги  гьедин караб…кват1и1ого.
Вай, Аллагь, зах1мат бугеб куц Мухтар гьеч1олъи х1екезе. Гъосда бук1араб г1айиб щиб, гъедиг1ан г1умро хирадаб бук1араб гьесие. Мухтар. Киг1ан дун ч1алг1ун  йигей духъ, дур т1алаб-агъазалъухь, беразухъ, махсаро-хоч1алъухъ…хирияв, вокьулев…Аллагь, кинабго дида  бихьизе хъванищ бук1араб. Алжаналъув вачун ватаги мун, Мухтар, т1ок1аб гьаризе жо гьеч1ин дир. Дихъа караб «рак1 бакъваяздаса» т1ассалъугьа бегьулеб батани…


Щибаб къойил бакъанида  васалги рачун щолаан ралъдал раг1алда бугеб паркалда коляскагун Халида. Квартираялда аск1об бук1иналъ лъималазе г1оло к1ванаг1ан заман балаан гьениб паркалда. Ругьунго кьижун колаан лъимал ц1ияб гьаваялде щун рахъиналде…Лъаг1алидаса ц1ик1ун заман бана Мухтар самолеталъул х1албихьи гьабулаго хваралдаса. Г1асияб къо!…Халида ч1ег1ер бан йик1ана ва киданиги гьеб жинца т1аса бахъинилан колароан гьелда. Мухтарил  ц1ар лъурав инагьдизе жувана макьилъго. Ралъдахъ буссун бук1араб ч1обогояб балай х1алихъего лъималаздехун буссинабуна гьелъ ва бортараб соска к1алдиб лъуна. Цояв вас, Изам Мухтариде данде г1одов вичарав вук1ана гьавуралдасаго. Ахирал моц1азда къинай мехалъ лъилниги щаклъи бук1инч1о Халидал к1игьарудал рук1унеблъиялда. Кезеги гьедин кана…  киг1ан талих1 вук1инаан Мухтар к1иго г1олохъанчияс больницаялда «гьале нижан» абулеб киниги г1оди гьабурабго. Аск1ор рук1аралщиназул жидедаго лъач1ого гьеб къоялъ бадисан маг1у гирун ана – Халидал ва Мухтарил къокъ караб г1умроялъул лъаларев г1адан вук1инч1елъул доб мехалъ Кизляралда.
Къисмат иргадалаб нухалъ кьог1го гьимун нахъе к1анц1ун ч1ана. Халида ункъабилеб моц1рода   лъимада йик1ана   росасе авария караб мехалда. Цох1о къинай йик1иналъ батила гьеб г1асияб хабар бач1ун хадуса ва замана бан тун ругъун бух1унщинахъе гьаглъич1ого хут1арай гьей. Кватич1ого гьарурал васаз ц1унана гьей жиндиего хвел гьабиялдаса….
Лъади лъимаде йик1ин лъаларалдаса талих1алъ бат1иявго г1адан гьавун вук1ана Мухтарил, рес бугелщинал минутаз рокъове к1алъан, цах1о Халидал ургъалида вук1унан къойил…
-Халидка, мун квананищ? Сок гьекъон батиларо… щибниги хиса-баси бугони дихъе к1алъай, лъик1ищ?…Дие йокьула мун, дир сардил ц1ва. Т1ок1аб абиларо…щуго минуталдаса х1ал бихьи буго. Дие йокьула мун… Сундулниги ургъел гьабуге. Анлъгоялда вач1ина…Мунго ц1уне. Тана,  хирияй!
Гьел рук1ана ахириял раг1аби ч1ужуялде. Цинги абадиялъго тана. Тана мугъ  бекун  ч1уч1адилей. Анлъго т1убана, т1убана анкьго. Тамашаяб х1ал батараб рах1ат хвеялъ ангараялде к1алъайгун дежурнияс цоцада бухьен гьеч1ел жал рицана. Халида цо щибалиго г1асилъи т1ад бач1инеб бук1ин бич1игун щибго гьабизе к1оларого рак1 биххун сородилей хут1ун йик1ана. Ххаган бералгун, х1ат1ул кьергун креслоялда юк1к1ун  кун ятана гьей Мухтарил командирасда ва гьудулзабазда. Бач1инахъего караб бицине к1олев чи гьезда гьоркьов вук1инч1о. Цоцада раг1и абизе гьезул ва цоцахъ бахчарулеб балайгун ралагьун ч1ана. Гьез квеш-лъик1 аэродромалда ине х1адурлъараб вертолелталде яхинаюна Халида. Жаназа бихьигун аск1ов вук1арав Алешада хурхулаго лъавудса ана. Заманалдаса лъавуде яч1ингун йиххун киназухъего ялагьана, цощинаб гьез тохаб раг1и абун борч1изе гурин. Кизляралде роржи гьел киназего лъаг1алида щун халалъана. Гьеб халалъиялда т1убанго хъах1лъун ана Халидал бет1ерги. Данде ч1вазе рач1аразул ч1иргъи-хъуялъ йигьинаюна гьей лъицалиго кун трапалдаса гъоркье ячуней бук1ин бич1улаго.
-Дир  вас, Мухтар! Мухтар, - ан ч1ич1идилей Кларада цее щвейгун сок1-сок1ун ана гьей.
Т1оцебесеб анкь макьилъго г1адин ана… Макьилъго г1адин. Лъалаго херлъана Клараги, Мух1амадги. Балагьизе гурх1араб раг1ад киниги къварилъиялъ  жанисан ц1улал  киниги лъугьарай  х1ал Халидадаги бук1ана. Бат1аго, чидакьлъун йихьана гьелда   вац хун яч1арай гьесул яц Наида. Унго гьелъул лъугьун йигей рокьукъай г1адан… Цинго сун ана хъизам-къаялдаго бук1араб нур,  рак1 кквей, ч1обоголъана дунивал. Рух1ал киниги ахиралде щвезег1ан лъабалго хут1ана рокъор. Дагь-дагь кун лъимаде йигей Халидаде руссана гьел.
Васасул, Мухтарил лъимер бук1ана г1уч1 киниги тарталдилей йигей Халидалъ. Аллагьасул сайигъат. Мухтар т1аде вахъиневг1анги эбел-инсул хьул Халидадехун, гьелъул к1алдир балагьун рук1ана. Наида анкь т1убан бахъиналде чидар жий йигей киниги цо-к1иго бакъвараб раг1аби эбел-инсуда ва Халидадаги абун, яхъун жиндирго бет1ергьанчигун Москваялде т1ад юссун ана.
…Жиндаго лъач1ого синкъиялда г1одилей ятана Халидада жийго. Эбелалда бугеб х1ал лъараб киниги зигардизе журана лъималги. Рокъоб Сапиятида х1ал лъазе толароан гьелъ. Амма Сапиятида кинабго лъалаан ва бихьулаан. Щиб бицаниги разилъич1о Халида лъимал якьад-вакьадазда аск1ор тезе. Лъималгун гьей ят1алъани нус гьаглъилин якъин   бук1ана гьезие. Рач1ун зама-заманалдаса къоял ралан хераз Мах1ачхъалаялда машина ц1ун  лъималазе аб-добги босун. К1очон толароан гьел Г1исадаги, Мухтар хваралдаса мугъ бекарав киниги вук1ана гьев – зах1малъана гьесие гьудуласул хвел.
Мах1ачхъалаялде яч1ун ц1иял гьудулзаби Халидал рук1инч1о, къойил лъималазхъе щолел нек1огосиял Рафик ва Гуля гурони. Курсалда ч1ег1ер барай, г1азу хъах1ал расалгун йигей г1адамалда  аск1ов къазе к1олев чи вук1инч1о. Къаралги гьелъ бигьагьарун рик1алъизарулаан. Занятиязда ва рокъой лъималазухъе, цо-цо библиотекаялда саг1талги ралаан. Ц1али ункъилаб гьеч1ого унеб ук1ана. Преподпвательзабаз гьелъул лъаялда щаклъи гьеч1ого лъолаан Халидае экзаменазда щуйилал. Амма гьел къиматазул гьелъие щибниги рохел гьеч1еблъи якъин бук1ана киназего.
Бац1ун маг1угун Халида паркалъул скамейкаялдаса т1аде яхъана ва васазда иргадал баун коляска рокъобехун буссинабуна. Нухда дое-гьаниехун юссунареб г1адат бук1ана гьелъул, гьанжеги нух къот1ун доехун унаго аск1об щун бач1унеб «Lexuc» санго  гьабич1о гьелъ, цинидаго, тормозл къан ч1езабулеб машиналъул хъир-хъири бахъинч1****и. Йихун коляскаялда хурхана гьей, т1ад т1ийит1ун лъимал ц1унилел киниги. Цо талих1алъ хъван-хъвач1ого лъалхъинабун бажарана бет1ергьанасда машина. Къват1ивеги вахъун «цее балагьеян» абилин гьесарав Вадим щаялиго г1одов ч1аралъувго хут1ана. Бук1ине  рес гьеч1ин берал къанщана… жанисан бух1ун бахъунеб унтиялъ «уян» абураб жоялъе щаклъи теч1ого.
Х1инкъиялъ тамахлъарай Халидаца бигьагьабун бет1ер т1аде борхана: аллагь!
Вадим х1ал гьабун машинаялъуса к ъват1иве  вахъана.
-Т1асалъугьа. Кинабго лъик1 буго… Мун цодагьай тохлъана…
             -Т1ассалъугьа, дун пикрабазда йик1ун ятила. Г1айиб гьабуге, -  ян цебе-цебе гьабун коляскагун соролел бохдуз галаби гьаруна гьелъ тротуаралде.
-Халида! – ян борч1ана гьаракъ Вадимихъа.
Нахъаса циндаго нус ч1вараб киниги лъугьана гьей, амма нахъехун юссинч1ого йилъана.
Халида! Щаклъи гьеч1о. Унго караб щибха? Ч1ег1ераб рет1ел, хъах1лъараб бет1ер – киг1ан к1век1ун йигей мун къисматалъ? Доб гьайбатаб берзул балай, к1арчамаб гьими… Халида, щибха караб дуе, щиб караб? Гьев бак1го машиналъув г1одов ч1ана Халида кафеялда хадуй щинк1ун т1аг1ингун. Ч1ег1ер баниги гъелъул берцинлъи… Балаялъул ч1обоголъи, кьвари…гьадинабищха нилъер данде ч1вай  бук1ине колеб бук1араб…щай мун лъутарай…гьанжеги щай дидаса лъутарай, кие? Лъималазда хурхарай куц машиналда цее жийгоги к1анц1ун. О, аллагь, дир г1айиб кана дуда божи ва росгун йичай. Т1ассалъугьа. Дица ялагьила мун, г1ажаиблъи – мун шагьаралда йигин гьаналъ бицун бук1араб дида. Дица ялагьила мун, раг1и кьола, Халида. Жеги кунч1ила дур берал. Раг1и кьола…Машина бачине к1олеб х1исаб гьеч1о – дунгоги вихизавуна каралъ…
               Кин щварай лъач1ого щвана Халида рокъое. Гьел рач1иналъухъ ралагьун ратана Рафик ва Гуля:
             -О! Гвардия т1аде щвана, - ян Мухтар кодове вачана Рафикица, Изам хапана Гуляца.
             Гьудулзабазеги гьимун Халида юц1ух1ун гостиниялда йилъана ва диваналъул бок1ний бохдулги рак1арун г1одой ч1ана, цо щуго минуталъ жийго толей анишан хьулгун… Вадимил х1акъалъулъ пикрабигун хут1изезеги х1инкъун, амма киса – хадуй щвана Сапият:
            -Халида, лъик1 гьеч1огонищ? Дур кьер т1ун бихьулин. Зах1мат буго дуе к1иялгогун…Бокьараб жо бугищ? – ян жиндирго къаг1идаялъ жуяна гурх1аризе гьей.
-Квал-квал гьабуге. Къвариг1араб-тараб гьеч1о, - ян абулаго чвахун ана Халидахъа маг1у.
            -Халида, дир месед, бегьуларо гьедин. Лъималазениги г1оло. Аллагьасул цим бахъинабуге, дур к1иго вас вуго. Хваразеги бегьуларо нилъ гьедин. Лъималазениги г1оло г1одуге. Г1ела г1ураб къог1лъи къурч1ана дуца. Мун лъик1, парахат йигейг1ан парахалъи бук1ина Мухтарие хабалъ.
                Къандалъоялда бет1ерги бахчун синкъиялда рак1 бекун г1одун йичан тана Халида.
                Сапият кидаго г1адин г1одое йичазег1ан к1алъан пайда бук1унарелъул къват1ие йилъана. Гуляги Рафикги т1ад ран васалгун расандилел ругоан.
                -Халида кие щинк1арай? – ан борхана Сапиятида бер кейгун бет1ер Гуляца, - пакъир киг1ан гьей свакалей ятилей г1олохъабаздаса. Тьфу-тьфу, машаалагь, унго-унгоял пузанчикал ругин к1иялгоги, х1алихьалъиялъул бицинарин. Раф, мун свакач1евищ?
               -У-у. Ваче гьаниве.
                Рафикихъе Изамги кьун Халидахъе уней Гуля танхъинаюна Сапиятица:
                -Цодагьалъ жийго те. Кинго г1одое йичан бажарулеб гьеч1о гьелъухъа. Гьанжеги г1одилей йиго. Хирияв аллагь гурх1аха мун гьелда. Къаси кие йик1аниги цадахъ къват1ие ячун бажариларищали балагье – цох1о мун, Рафик гурони гьелъ г1адахъ росулел чи гьеч1ин дида лъалеб бак1алдаса.
               -Бич1ана, амма щиб гьабуниги пайда гьеч1о – дихъе общежитиялда гурони гьей киениги ячине к1оларо. Дояги х1ал батун ине г1едег1анхъдулей йик1уна. Ч1ег1ер бахъизе щун бугин чан нухалъ абулеб – раг1изе бичаларо. Зама-заманалда дида кола  цее лъалей йик1арай Халидал хут1араб жого гьеч1ин. Гьединго Рафикги вук1уна.
             -Гьабизе дару т1аг1ун буго дир. Клара жийго йиго заг1ипго рух1 киниги Халидада цее къвак1улей йик1аниги. Вабабай караб жо, гурх1аха гьал васазданиги бет1ергьан аллагь мун, дур ц1обалда божарал лагъзал ругин, - ан бадиб  хулараб маг1у бац1ана Сапиятица.
               Щакърахун, къапелаго т1елхалгун гордухъ юссана Гуляги. Щибха гьабизе бегьулеб, щиб?!
              Сапият лъималазе прогулкаялдаса рач1аралго кьолеб  пюре хинлъизабизе жуяна. Цинги Рафикгун васал кваназаризе лъугьана.
Билбаг1арлъун бералгун жание яч1ана заманалдаса Халида. Изамие пюре бакулей вук1арав Раф т1аде вахъун вач1ана, столалда чвахизабулаго пюрегун.
-Халида…
         -Раф, жийго те, - ян шурана Гуляца гьесде, амма гьелъул куц бихьигун жийгоги ч1езе бак1 лъуг1ун гьалдезе жуяна.
Иргадал васаздаги баун лъиданиги бер щвезе бичач1ого холодильникаялдаса сокги т1ун гостиниялде т1ад юссана Халида хадур ралагьун гьудулзабиги тун..
Нахъойги цебе т1амун бач1араб Мухтарилгун г1умродул сураталъ талих1ал къоязде юсинаюна гьей. Т1оцересел Саратовалда цадахъ г1умродул къоял…

…Гьел рук1арал талих1. Цоцахъ балагьун г1орц1уларого рук1араб куц. Аэропорталде данде ч1вазе вач1арав Алеша гьезул бадиб бугеб талих1аб кунч1иялъ ва цоцахъ инагьдулеб киниги гьоркьоблъиялъ х1айран гьавун вук1ана. Квартираялда киса кирего розаби лъун ругоан гьел т1аде щвезег1ан. Бащадаб саг1аталда жаниб къач1ана стол Халида шуризе цин теч1ого. Дагь-дагь кун щвана  Халидае сайигъаталгун Мухтарил цадахъ х1алт1улел, гьудулзаби… Радалъикъе щвезег1ан гьарзаго ихтилат-кепалда т1обит1ана сордо. Чангиял инеян рахъаниги Мухтарица х1алалъ ч1езаруна – абадиялъ мекъи бихьилилан! Мухтарил разилъи, талих1алъ кенч1олеб нур рехараб гьумер. Балаялъул х1еренлъи.   Ч1ужу ят1алъаралдаса ч1обоголъун букараб рак1, рукъ ц1идасан гвангъун рач1ана гьесие. Гьалмагъзаби чанги гурх1ун рук1унаан гьесда, гьесул жиндихенго бугеб сог1аб пакъирлъиялда. Г1емерисел шишаялда руссунелъул…амма Мухтар  циндаго сун ана, вакъван. Ахирисеб нухалъ рокъове инеяеян   анц1го къо гьаригун начальникас т1аде раг1и абич1ого г1арзаялда гъолбас гьабуна. Т1оцее ч1ужуги ячун Мухтар вач1ингун, баркизе рач1аразда Халида йихьарайго бич1ана гьелдаса хирияб жо гьаб ракьалда Мухтарие гьеч1еблъи.
Ахирисев гьоболги т1овит1ун бащадай кьижарай Халида баулаго спальниялда йосана:
-Сваканищ, хирияй, - ан рет1ел бахъизе кумекги  гьабун егизаюна.
Минуталдаса лъимер киниги гьесда къвалги бан кьижун кана гьей. Киг1анго к1вах1алъаниги заманалдаса вахъун квартира бак1аризе жувана. Радал яхъарайго Халидаца гьабизе тезе бегьулебан гьесда рак1алда цин кеч1о: аск1ой  йигони – т1ок1аб талих1 алагьасда гьари г1асилъи бук1инин колаан гьесда. Анлъгоялдехун х1алт1иги т1убазабун, Мухтар базаралда инег1ан цеве спальниялда вилъана лъадуда баизеян – одеялоги кроваталдаса бортун толох1очго кровать ц1ун т1ийит1ун кьижун йигоан гьей. Кроваталъул спинкаялда бет1ерги лъун саламат заманалъ ч1ужуялъухъ валгьун к1усун хут1ана Мухтар. Ц1оролей ятилилан х1инкъун  паласалдаса босун одеяло т1ад бана. Инеялда цебе баизеян т1ад къулулаго гъеж тункун ун  йорч1арай Халидаца макьилъго шурана:
-Х1алт1удейищ? Дун гьанже… - ва нахъойги гьуинго кьижун кана.
-Кьижа. Дие йокьула мун, – ан  т1ат1алаго баун спальниялдаса къват1ив г1едег1ана.
Базаралдаса бачизе к1вараб к1иго сумка продуктазул, пихъил росун щварав гьесда Халида ваннаялъуй ятана. Гьей къват1ие яч1инег1ан абун радал кваназе жо гьабизеян богорокъове вилъана Мухтар. Г1исинкун ах1улаго мультфильмалдаса кеч1гун къаркъаялда сверун полотенцагун екерун иней бер ч1вана гьелда Мухтарил: унго дун х1алт1уда аравин йихьула. Кофе босун инев вук1арав чи цодагьалъ хадуб щибдай гьелъ гьабиладаян богорокъовго ч1ана. Анц1го минуталдаса х1урулг1ин киниги гьурщун ракъварал расалгун белье гурони т1ад жоги гьеч1ого нахъойги спальниялде т1ерхьун ана гьей. Гьениса – гостиниялде: стенкаялъал хъурщаби къват1ир ц1алел гьаракъ бахъана. Щиб балагьулейг1аги? К1улал цин гурищ? Т1ок1авги вахчун ч1езе рекъон гьеч1илан богорокъоса къват1иве вач1инев Мухтарил эс цин гьабич1ого жиндирго сумкаги босун Халида гьури г1адин спальниялъуй т1ерхьун ана. Хирияв аллагь, гьабго х1алалъ кие гьай г1едег1ун йигей? Мухтар ц1орозе рек1араб кофеги босун спальниялъуве лъугьана.
-Вай! – ан гьаракь борч1ана Халидал рос вихьигун. – Мун х1алт1уде инч1евищ?! Дун йик1ана гьаб кват1араб заман батилин…
Мунги тун киве дун инев, - ан столиклда подносги лъун маргъалал данде гьарич1ого бугеб кофточкаги рагьинабун х1еренго къочана намуслъарай лъадуда. – мун киениги унейищ?
-Мун вач1инег1ан кваназе жо босизе тукаде инин йик1ана…дун кьижун хут1идал. Рац1алъи гьабизеги рег1ун  вуго мун – къаси кьижизего кьижун ватиларо. Т1ассалъугьа, - ян намуслъи бахчун бажарич1о гьелъухъа.
-Дун вук1ана мун радалго киедаян…
-Институталдаги щвезе колелъул.
-Баэ дида. Кваназе жо рокъоб буго, институтги дицаго т1убала, йокьулей…
-Мухтар, дие вокьула мун.
-Божула, студентка. Кофе ц1оролеб батила, йилъа, – ян бигьаго кодое йосана Мухтарица гьей.
Бук1араб талих1аб замана…

Жание яч1арай Гуля сих1къот1ун Халидада къвалги бан г1одой ч1ана.
-Кин бугеб дур иш? – ан гьудулалдехун бусинабуна г1азабалъул ц1ураб гьумер Халидаца. – Х1амид вач1ун вук1ун ватила.
-А-а. Вач1инч1ого г1олареб мехалъ гурони гьев дихъе щоларо. Йокьуларей яс ячунев чи вич1уларо дида, – ян къог1го гьимун рак1 бац1адго абуна гьелъ. – Эбел-инсул амро т1убалев вугилан ватилаха. Дуда цебе абизе нечонги йиго – киг1анха мун свакан йигей гьадинаб г1умроялдаса. Рокьи бокьун бук1араб куц – щвеч1о дие гьеб. Г1ажаиблъи, дун лъиениги йокьулей гьеч1о.
-Киг1ан гьеч1ого г1олареб жо рокьи… Щиб лъалеб данделъигун ц1а рек1ине бегьула нужер рак1азда. Щиб лъалеб…дулъ кинабго буго: ц1одорлъи, г1аданлъи, яц1алъи – хут1араб гьадингояб жо. Бич1улищ? Г1едег1уге хьулал къот1инаризе.
-Дие нек1ого росасе ине заман щун буго: нижер росулъ дир г1елалъул ясазул к1и-к1и, лъаб-лъаб лъимал камурал гьеч1о. Вокьаниги вокьич1ониги ц1акъго кват1ун буго дие, – ян бадиб хулараб маг1у бац1ана Гуляца.
Халидал унго рак1 бух1изе бач1ана гьудулалда. Щай гьедин бук1унеб? Гьедиг1ан х1еренай, лъик1ай яс лъиениги рек1елъе йосуларей. Рокъой хут1изе гурин росасе ине кани. Чан бат1и-бат1ияб жо бук1унеб бугеб.
-Бертин кида бугеб?
-Сессия лъуг1арабго. Рак1алде щварабго гьаглъизе бач1уна. Чанги рак1 къарал чорокал, сурарал ясазухъе запискаби хъвала, свиданиялда ах1ула. Дун… дихъе жеги лъицаниги  цо г1умроялда рак1 ч1ег1ерлъич1ого бук1инениги мухъг1аги хъван бач1инч1о. Рокьиялъул бицинарин, записка бач1ун  соролел квераз гьеб рагьулеб талих1нигищ дие бегьуларого бук1араб. Гъойго Хасбат цин рокьигун  рестораназда хьвадизаюлей йиго абурав васас. Гьедин абуни аллагьасул цимги бахъина, – ян щакърахана Гуля, – мунгун йигеб мехалъ лъил-лъилниги лъай-хъвай колаан, дуе г1олониги гьел дунгун кьурдулаан, к1алъалаан. Мун  рукъалде юссаралдаса цох1о Рафик вуго дида к1алъалев г1адан.
Юц1ух1ун Халидаца жинда г1айиб бугеб киниги гьудулалъул к1аркъада баана.  Раг1абаз кумек гьабулареблъи бич1ун: гьей йит1арай йиго, амма г1айиб гьабизе чиги гьеч1о – къисмат.
Нуц1идаги к1ут1ун жанив вач1ана Раф:
-Милъиршаби киниги нужеего г1ун рихьулин, цодагьалъ шагьар   тиризе рилъине хьул гьеч1ищ?
-Лъимал кьижунищ?
-Макьихун руго. Гьанже кьижизе тезе бегьуларо гьел. Ясал, кара-тараб жо бугищ?
-Яхъа, Халида, - ян  к1ут1би рич1изаруна Гуляца – Нуж рач1инег1ан дун Сапиятгун йик1ина. Хехго общежитиялде г1едег1ун т1убазе жо гьеч1ин…
-Дун машиналъув ч1ела, - ян иргадал ясазухъги  валагьун  «нагагь яч1инадаян» хьулгун  вахъун ана Рафик.
-Бегьулеб батани мун а, Гуля, - къват1ие яхъине щибниги хиял гьеч1ин дир.
-Гьагал жал рицунге. Цо-цо г1асилъула мун.
Ургъунго Рафикгун йит1улей  йик1ин бич1ана Халидада:Сапиятил х1алт1и – дун цо-к1иго саг1аталъ Рафикгун ани кинабго т1убалин кола гьелда.
-Т1ассалъугьа, дуда бат1айиса йич1ана дун: унгоги дир къват1ие яхъун бажарилеб х1ал гьеч1о, - ян бакъварабго гьими гьабуна т1аде яхъунаго Халидаца.
-Караб жо батиларогури…
-Гьеч1о, гьеч1о, - ян хехго абуна цощинаб Вадимил х1акъалъулъ жиндихъанго бицун борч1илин х1инкъун. – Нолъги берцинго кьижун бажарич1елъул йик1ана.
-Бащадаб саг1ат замана гуро. Рак1 бакъвазабуге Рафикил. Дида лъала киг1ан мун гьесие йокьулеблъи. Гьеч1езда гурони гьелъул къимат гьабизе лъаларо.
-Алагьасе г1оло! Дир г1айиб бугеб киниги к1алъала мун. Дуда лъала дица киданиги Рафикил хьул лъезесеб жо бичач1еблъи.
-Цониги нухалъ гьесул рак1 бохизабуни дунивал т1асса гъоркье бусинеб киниги йик1ун мун.  Заман бахъинабич1ого а, -ян  Гуляца х1алалъ колидоралъуе щвезаюна Халида.
Гьей гъоркье йилъана. Сверухъ хинабго маялъул марк1ач1ул г1уж бугоан. Халидаца бигьагьаюн Рафикил ч1ух1и – «пантера» ч1ун бугеб рахъалдехун галаби рана. Аск1ой щвелалдего  данде рагьун бач1ана нуц1а -  бакъ киниги гвангъун бихьула гьумер…
-Баркала, яч1инин божун вук1инч1о, - ян машина бакана гьес. – Бакъан бичалищ?
Юц1ух1ехъего  Халидаца магитафоналъул кнопка цуна.
-Лъил запись?
-Стивил. Хисилищ?
-К1варич1о.
-Кин йигей мун?
-Раф!
-Т1ассалъугьа.
-Стивил ахирисел куч1дул цин гурищ гьал? Унго!
-Агьа, - ян  велъана гьев г1орц1уларого Халидал бадивги валагьун, - щибг1аги дихъаги бажаризе коларищ.
-Рокъосел щибулел ругел?
-Дие квал-квал гьеч1елдаса дица гьезул ургъел гьабуларо…
Халида жиндирго пикрабазда йигеблъи бихьигун г1енекун хут1ана.
-Халида, – ян заманалдаса к1алъана Рафик.
-Агь…
-Лъалищ Мурадица дур бахъараб сураталъе международнияб приз щвана.
-Унго!
-Халида, мун йигей г1ажаибай:  щай гьикъулареб кин гьес гьеб бахъарабали…
-Бат1алъи щиб?
-Хирияв аллагь, талих1 Мурадида дур жаваб раг1улеб гьеч1еблъи. Рак1алдаса. Гьев нек1огоялдаса Италиялда вугелъул. Сурат Флоренциялда ц1ар араб выставочнияб залалда бан раг1ула.. дуца жиндие икъбал бач1инабунилан вук1уна к1алъалев щинахъе Мурад. Божуларогонищ? Дудагоги лъаларого батила киг1ан мун баракатай йигеяли.
-Флоренция ц1акъ рик1ад буго, г1айиб гурищ бихьизе рес гьеч1еб.
-Гьеб бат1ияб хабар. Рокъоб буго гьелдаса гьабураб фотография – йилъа бихьизе.
-К1варич1о.
-Гоша хъизамгун Москваялда гочаралдаса дунго вуго гьенив – эбел-эмен «х1алт1удаса» кьижизеги гурони ракуларо рокъоре. Гьанже кинабго «т1алаб-агъаз» дие щун буго, – ян цо щибалиго Халидада бич1илародаян ясалъул бадив валагьана Рафик.
-Къо колеб х1ал бихьуларин дур, – ан махсаро гьабун тана Халидаца. – Нилъ кире инел ругел?
-Мун хъамулев вуго, - ян къог1го гьимулаго рулалда бет1ер ч1вана гьес. – Йихуге. Пляжалда г1одоре ч1езе рилъа – гьадинаб г1ужалда ц1акъ берцинго бук1уна гьениб.
-Рилъа.
Пляжалда щвезег1ан зама-заманалъ цоцахъ балагьулаго Стив Уайндерил концерталъухъ г1инт1амун хут1ана к1иялго. Цо чаналиго секундалъ паркъун бач1ун т1аг1ана гьелъул   бот1ролъ Вадимил пикру.
Санаг1атаб бак1алда машинаги танхъинабун Рафикица Халида нуц1а рагьун  къват1ие ячана ва каранде яана:
-Абуге щибго, юц1а. Цо минуталъ дур хинлъи лъазе те, Халида, йокьулей, - ан тамахго кун ч1езаюна ва йорч1изе санаг1ат гьабулей г1аданалда х1еренго гьарана гьес.
-Раф, иччай. Гьаб нилъее къвариг1араб жо гуро. Дир божел хвезабуге, лъик1ищ?
-Кинабго бич1ула – дие мун вали йиго гьаб ракьалда...– ан угьун х1ухьел бичан г1айибаб балайгун гьелъул гъажалдаса квер нахъе гьабуна гьес, - йилъа ралъдахъе, гьениб г1одор ч1езе санаг1атаб кьури бук1ине кола.
Ралъад    к1вах1алго цо-цо карачелалги ричан кьижизе х1адурлъулеб бугин колаан. Г1едег1ич1ого,  данде бит1ун, лъелъе нурги лъун  баккунеб бугоан жаниб ц1ураб моц1. Къо т1аг1анинан рак1 1ун жиндирго квелъ балеб бук1ана сардил бе1лъиялъ. Лъан-лъа1ого ралъдалъа пулеббук1анагьогьомаб гьури, абизеги ругьунлъун йиго дунан рак1алде кана Халидада: квартира, институт, библиотека… о-о аск1об бугеб дунялалдаги бер 1вараб, гьелъул лах1зат  гьабураб лъик1 бук1унеб батила. Лъалаго рак1 уинабулеб буго  т1абиг1аталул гьайбалъиялъул асаралъ къаси, гьалгощинал санал Мах1ахъалаялда раниги лъелъа мо1 бакунеб, гьелда ебе т1ибит1унеб нуралъул т1еренебин колеб баг1ар-меседаб нухалъул беринлъи Халидада бихьун бук1ин1о.
-Берцинлъи бихьуларищ марк1ач1ул г1ужалъул. Дун г1емер щола гьаб къурухъе. Т1оцеве Мурадица вачана дунги  - гьале жакъа гьесул балъголъи т1атинабуна дица, - ян ч1алг1ен буссунареб балайгун  данде йит1ун г1одой ч1ун йигей г1олилалда т1ад лъун рук1ана Рафикил берал.
Ч1имих босизеян г1одое къулана балай бачун бажарулареблъи бич1игун. Хадурго инагьдулел бералги руссана гьелъул квер т1ад араб ч1имихалда, гьеб ч1имихалда бахилъанин гьелан келаан бихьарасда.
-Гуля росасе иней йигей жо бит1арабищ?
-У, - ян бицунеб хисигун бигьалъи бач1ун Рафикихъ ялагьана  Халида хъатинир росарал ч1имхал гелизарулаго. – Жидерго росулъа университеталда ц1алулев васасе рекъон йиго гьей.
-Яц1адай яс йиго Гуля. Лъил хъизанлъун лъугьаниги  рази вук1ина г1умроялъ гьев г1адан. Ц1акъ къанаг1атаб иш…
-Раф.
-Курсалда босани цин  тирулел сверулел руго, тарих к1очон таралги цин ратила… Бицине жо батун буго дида. Т1ассалъугьа.
-Кинабго лъик1 буго, Раф, - ан гьесул гъажалда квер лъуна  Халидаца.
-Врачазухъеги ун къвариг1ел т1убалеб буго…
-Раф.
-Г1айиб гьабуге, т1иналда бахчарабги дуда цебе гьурщун уна, – ян намусго гьимана гьев  ралъдада бералги лъун.
-Дуда бухьен щиб бицаралъул, - ян тамахго ц1ехана Халидаца.
-Дида? Ясазул пикраби гьаризе г1уравго мун данде ч1вана…дида бухьен гьеч1о…Халида, цо суал бегьилищ?
-Дуего бокьахъе.
-Нужер г1адаталда рекъон ч1ег1ер кида бахъунеб?
-Бокьараз бокъахъе. Щай ц1ехолеб? А…  рат1лида бараб щибниги бук1унин коларо – лъаларо гьаб т1омалда рек1ун батила дир – кидаго ч1ег1ер рет1ун йик1арай киниги кьер бат1ияб жо – халат цин рет1ине нечолей йиго…рекъеч1еб жо гьабулеб бугеб киниги…
-Лъималазеги зах1малъулеб батила кидаго бец1аб рет1елгун пашманай эбел йихьизе. Мунагьал чурад хваралдаса к1иго сониги унеб батила.
-Т1убана.  Цодагьай цее дун Кизляралда ун йик1арай мавлидалде к1иго  сон байгун хваралдаса.
-Якьадалъ бахъун гьеч1ищ ч1ег1ер?
-Гьеч1о.
-Бич1ула – цох1о вугев вас. Гьедин бук1ине колеб батила.
-Сон караб киниги ц1и буго дие Мухтарил хвел. Лъаларо заманаялдаса т1аг1инеб батила бухьен – гьанже ц1акъго ц1и буго гьесул хвел. Зах1малъулеб буго цо лъимазда бер  ч1вазег1ан хут1ич1олъи. Дица киданиги берцинго эсцин гьабулароан гьев летчик-испытатель вук1ин ва х1алт1и г1умроялъе х1инкъараб бук1и. Бич1улищ? Дие гьеб циндаголъун кана.  Пикруцин бач1унароан –х1алт1уда гьесие щибг1аги х1инкъи келин… Заманалдаса киназго абула бадиб маг1у бакъвалин – дир жеги додинго чвахун бач1уна.
-Дуе унго-унголъун вокьулев вук1ун вихьула рос, гуребани гьедин бук1инароан дуе зах1мат, дида бич1улеб бак1алдаса.
-Лъаларо. К1иабизе рекъон тун хадуса кинабго бат1айиса бук1ана гьаркьоблъиялда – вокьун ватизеги бегьула.
Сапият  йит1арай ятила гьадинаб рак1 бикьи камулеб буго дие. Къварилъи цоцо лъиданиги мун вич1улев дуда вич1улев чиясда цебе гьурщани лъик1 бук1ина, бащадаб саг1аталъул бигьалъиги к1удияб рак1 тамахлъи буго.
-Сундул пикрабазда йигей?
-Агь. Метер ц1алич1ого г1олареб т1ехь буго – рилъун лъик1 гурищ? Гьаниб унгоги берцинго буго. Баркала дуе жакъа дун къват1ие ячаралъухъ.
-Дуего мунго г1ун йик1унге, гьарула. Гьудулзаби къварилъилъе г1ат1илъиялъе рук1унел жалин.
-Раф!
-Бихьулищ? К1алъазе цин бегьуларо дуда.
Заманалдаса рахъун цоцал  квералги кун машиналухъе рилъана гьел. Парахалъи бук1ана т1ибиг1аталда т1ибит1ун. Цо чаналиго секундалъ г1ажаибго Рафикил бадий ялагьун хут1ана Халида. Гьей йихана циндаго Рафикгун бугеб лъик1ан бач1араб пикроялдаса.
Рафик г1исин кун гьелухъ валагьун велъана.
-Цо жоялда нахъ г1унт1арай киниги йиго гури – бицинарищ?
Халида жиндаго лъач1ого баг1арлъун яхъана. Вай, кинабго гьумералда гьурщун бук1уна дир.
Абизе раг1и батуларого намсуго елъана гьейги, амма Рафикида бер щвезе бичалеб бук1инч1о.
Нухда, т1ад руссунаго зама-заманалдаса юц1ух1ун бет1ерги г1одой къулун йигей г1олилай рокъое хъамилин чанги нухалъ пикру бач1унеб бук1ана гьесул бот1ролъ. Караб кела… Пикрабаз    гьанжего гьанже бет1ер бихъ-бихъун бач1инеб х1ал бук1ана Рафикил. Циндаго кинабго к1удияб г1орхъи жиндие гьеч1еб гьаглъилъун бук1и рагьун бач1унаан гьесда цебе, амма аск1ой йигей Халидадаса ват1алъизег1ан хвелев х1ал бач1унаан хехго. Хиралъи г1адамасул! К1иго лъимер, моц1аз гьей к1удияй йик1и – чанги г1адамазда рич1уларел ва киданиги эбелалъ г1адахъ росуларел  жал  гьадингояллъун рихьулаан гьесда.
Рафикида бугеб х1ал гьаналъ бицунеб бук1ана Халидадаги. Г1адада яхъана къват1ие, г1адада – х1енех1азда цодагьабго гьури-муч пуниги  гварун ц1а рек1ине бегьула… гьабизе дару камураб жо, дун г1умроялъ «к1удияй» колелъул дицаго ц1одорлъи гьабич1они – к1иязго къукъби х1анч1ила хадуб. Дица васазул ургъел гьабизе кола. Рафикил г1умро хвезабунин лъицаниги к1ал рагьинег1ан…
Ахиралдаги о адаса х1инкъун, тохаб галиялдаса  рор1ун, талих1алъ къисматалъ машина Халида йигей рукъалда цебе танхъинабуна.
-Раф…
-Кинабго мухъда, - ян кидаго г1адин гьимизе х1ал гьабуна гьес, амма бадиб г1азаб бугоан.
-Вилъа т1аде. Гулягун ине.
-Халида…
-Раф, г1айиб батила дида – бет1ер ч1инт1аниги лъаларо дида дуе кумек кин гьабизе бегьулебали. Бич1улищ, дие зах1мат буго дур рек1ел унтиялъухъ ялагьизе. Гьабизе к1олеб гьеч1олъиялъ туризабулеб буго нилъер гьоркъоблъи. Мун хирад вуго дие гьудул х1исабалда, т1ок1аб ц1ик1аралда къот1изабе хьул, гьарула. Цо гьагалде гьелъ нилъ ц1алелде. Гьарула, Рафик.
-Кинабго мухъда, – ян нахъойги гьимана гьев. – Мунгун вук1ине рес бугониги сундаго цеве дун къалареблъи якъин. Дида щибго дир рек1елъ хисибизе к1оларо, к1оларо – божа. Дие йокьула мун, Халида. Щоларей йик1иналъги ятила  дуда хадув х1ал батун инагьдилев вугев.
Халидаца х1алимго гьесул гьурмада квер бахъана. Гурх1аха аллагь, бегьулев ватани – дида хисизабизе к1олеб жо гьеч1ин. Малъ-хал гьабун данде раче… Халида г1ураб хъизам бат1аго дин-как билъинабулеб бук1ин1о. ох1о Мух1амад-аиа ралел рихьулаан  какал.  Амма  рос хваралдаса Аллагьин йик1унаан  Халида, 1е1ого аллагьасде гьардолей ятулаан гьей жиндаго лъа1ого, лъимал 1унеян унта-щокълъиялдаса, квешаб балагьалдаса, г1адамасдаса…
Халидаца гьабизе жо  гьеч1ин машиналъул нуц1а рагьана:
-Сордо лъик1. Баркала пляжалъухъ, гьениб унгоги гьайбат бук1ана.
Рафик гьимана жавабалъул бак1алда.
Халида т1аде г1едег1ана. Гуляца рагьана нуц1а:
-Щибулел ругел нуж, лъимал Сапиятгунищ?
-Жакъа чвердон рахъигун замана балелда кьижун кана пуланал. Къойица свакан ратила. Киг1ан хехго нуж рач1арал, кафеялдениги инч1ищ?
-Пляжалде  щвана,  цо щибалиго берцинаб бак1 бихьизе. Унгоги берцин  бугоан гьениб, хадусал мунгун рилъина, дудаги бихьизе. Мурадица, рак1алда вугищ дов цо художник, дос бихьизабун бук1ун буго Рафикида.
- А! Рафик кивеха арав?
-Мун яч1инег1ан гъоркьаго ч1анин кана дида гъов.
Гуляда цо щибалиго караблъи г1и1го Халида нуц1ихъ ятиялдаса бич1ана.
-Нуж цощинал к1алъазецин кеч1елищ?
-Гуля…
-Кинабго бич1ана – гьеле дур х1ухь бахъи.
-Гуля, бегьулеб батани, дида г1айиб бук1инч1о, гьеб гуребги ниж к1алъазе канин дица дуда абич1о гури…
-Ч1ах1иял х1арпаз хъван буго гьеб дур гьумералда, бадиб.
-Ва! Гьанже хвана кинабго, - щаялиго к1арун елъана гьудулалда къочулаго Халида. - Шерлок Холмсил гьалмагъ ч1ужуг1адан йик1анин абулеб раг1ун бук1ана дида…Къаси аний ч1оларей щай?
-Ч1елаан, метер практическияб дарс буго, х1адурлъич1ого г1оларо. Бихье г1адада Рафик валагьун ч1езавич1ого ун лъик1.
Халидае гьудулгун къаси ят1алъизе бокьун бук1инч1о, амма пайда щиб: Х1амидил г1адат бук1ана замана гуреб мехалъ багьана батун Гуляхъе общежитиялде вакулев. Гуляги нухда рег1ун, гьабизе жо лъаларого телевизор бичана: микьго т1убан «Вести» бугоан бихьизабулеб. Рак1 гьеч1ого лъималазул рокъой йилъана. Сапият йигоан к1иябго кроватазда гьоркьой г1одой ч1ун хьухьарулей. Халида яч1ингун т1аде яхъана гьей:
-Кваналищ? Къаси цодагьал цудунго кьижун кана гьал. Уба гьабизе мама яч1инег1ан х1ал кун вук1ана Мухтар, амма гьевги к1ек1ана макьуца кватич1ого. Хинго батила. Дунги Гуляги кванаралдаса замана инч1о.
-Квал-квал гьабуге, хиял гьеч1о, – ян ругьунго лъималазда одеяло бит1а-бишизабуна васазда баулаго.
Сапият нахъойги хьухьулелда юсана. Аск1ойго креслоялда Халидаги г1одой ч1ана – бокьун бук1инч1о жийго хут1изе.
-Метер нилъералги рач1ине кола.
-Киг1ан лъик1, ч1алг1ен буссине. Щиб рохи гьезул цоцадаса бук1инеб. Мух1амад вук1ана дуда хабар гьабеян – цодагьалъ лъимал цадахъ дора рачинеян, ч1алг1ен буссине.
-Дида щибго абизе къалел руго…
-Мун йит1арай, дуда к1алъазе намуслъулел руго гьел къойидаса къойиде: хас лъималазул х1акъалъулъ – гьел дуе рух1 киниги рук1ин бич1улеб буго гьезда. Цо-цо гьезие данде гали гьаби дуда т1адаб буго. Мугъ бекун буго гьезул, бицинч1ониги лъаларищха…
-Бич1ула. Мун гьаниса  ани лъималгун  хоб киниги зайт1ила рукъ.
-Суббота-воскресениялда мунги йилъа цадахъ, цинги араб лъач1ого ина анкь. Талих1 гьаре херал цодагьалъ. Лъималазда хадур гьел холел куц дуда лъала гури. Рес батун гьанир къоял рач1ого Клараги ч1оларо, Мух1амад нечолев-къалев ватила гьанив ч1езе… Гьанже гьел дур ва лъималазул к1алдир балагьун руго, гьит1инабго жо гьезие г1орхъи гьеч1еб к1удияблъун лъугьунеб буго. Рес батун рази гьаре гьел.
-Лъик1, баркала дуе киналъухъго, Сапият. Мун гьеч1еяни гьоркьоблъи гьуинлъиялда данде бачине зах1мат бук1инаан дие. Санал раразда гурони лъица щиб бицаниги г1умроялъул тере-к1еч1елал тамахго  тиризе лъаларо…Дун субботаялда цодагьай хехго яч1ина – гьел ц1акъго г1едег1улел гьеч1они яч1инег1ан ч1аян гьаре.
-Аллагьас алжаналда ячина дир яс мун – меседил буго дур рак1. Лъималазул ургъел коге, кваназе  а.
-Лъик1, - ан богорокъое йилъана унгоги кванани квеш бук1инарин кун Халида, амма холодильник рагьинег1ан телефоналъул гьаракь бахъана:
-Г1инт1амун буго…Йохарай йиго…лъимал кьижун…Нужер х1ал кин бугеб?…Лъик1. Метер нужгун йилъинин йик1ана…Лъик1.   Сапиятги эний ч1алг1ун ятилин кана…бич1ана…Сордо лъик1. – ан трубка г1одоб лъуна к1алъараб лъик1ан Клара-бажуцаян бигьалъи рек1еда бач1унаго.
Йохи Клара-бажул, цадахъ рилъинин абиялдаса. Нусго нухалъ йит1арай Сапият. Гьезул рохи дир разилъи. Гьел к1иялго тун бат1айиса дир гьаб ракьалда щал ругел. Васазул мугъ ч1вазе г1адамал, тухум, кьибил къвариг1унелъул, диргоги гьеч1еб мехалъ… Санал хехго унел жал рук1унелъул…
Квенги к1очон тун Халида  телевизоралда цее г1одой ч1ана т1ехьги ц1алулаго. Къойидаса къойиде гьаб телевизоралда балагьизе жого хут1улеб гьеч1оян яхъун гьаракь дагь гьабуна. К1иго саг1аталдаса кодоб куралъубго т1ехьгун кьижун кана гьей.
-Халида, - ян гъажалда к1ут1ун йорч1инаюна цо г1ужго гуреб заманалда Сапиятица гьеб сордоялъ Халида. – Яхъа. Ункъабилеб нух буго телефоналъ мун ц1ехолей…дида инкар гьабизе к1веч1о щаялиго, щив вугевали лъач1ониги.
-Агь…Саг1ат чан т1убараб замана гьаб? – ан х1алалъ т1аде яхъана рах1ат хун гьей. – Щибдай кана? – ян телефоналда хурхана – алло?
-Халида, - ян бахъана х1еренаб цо кидалиго раг1араб гьаракь.
Вадим! Лъидаха цоц1ул раг1ун тун гьесул гьаракь к1очон толеб. Номерг1аги киса щвараб?! Унго х1алк1олъи г1адамасулан  йихиялъ г1орхъи бук1инч1о Халидал.  Соролеб квералъ хехго кнопка цуна  гьелъ. К1алъай къот1изабизе. Талих1 Сапият хабар щибан аск1ой эхетич1ей. Гьанже щиб гьабилеб!!! Киг1ан хехго дун гьесда ятарай? Бук1ине рес гьеч1о: бакъанидаса хадуб абизе заманаго инч1ин. Телефоналъул тамахабго «кодобе босеян» гьарулеб киниги зваргъи бахъана. Дванкан кет1елеб рак1гун т1убанго телефон къана Халидаца…Бегьулареб къаг1ида дун дирго лъимазул ва ц1алиялъул ургъел гьабун тезе. Гали базе рух1 т1аг1ун бугоан бохдуздаса: гьабсаг1ат Сапият щвела ц1ехезе, щиб  гьереси гьелъие бицинеб? Амма Сапиятица  ц1ех гьабич1о…щаялиго. Халидал жаваб гьеч1еблъи якъинлъундай? Суриялда ч1еч1ого кезаюла къисматалъ дун т1ад белъанхъулеб кинги…

…Нахъисеб къоялъ дарсаздаса гьей яч1инег1ан якьад-вакьад рач1ун ратана:
-Лъик1 щварал, - ан рак1-рак1алъ к1ияздаго къочана Халида.
Кинаб талих1 гьал дунялалда мугъ ч1вазе ругел.
-Мухтарил вохи бихьуларищ, - ан лъалаго г1олохъанлъулаан лъималазда бер щварабщинахъе Клара-бажу. Изам чехь ц1езабиялдаса сундаго рег1ун гьеч1о – кинабго рет1ел-кунги ц1езабуна каруца.
-Кин ругел нуж? - ан Мух1амад-ацидехун юссун к1алъана Халида.
-Кинха рук1инел, дир яс. Квеш гьеч1о, – ан к1алъалаго аск1ов щварав Мухтар накабазда ч1езавуна гьес. – Гьал лъимазул разилъиялда рук1унаха. Кин бугеб ц1али, зах1малъулеб батила гьит1иналгун.
-Сапиятица т1урала дунги гьалги. Гьей гьеч1еяни щибдай нижеца гьабилебали дида лъаларо. Х1алт1и кин бугеб?
-Агь, додинго. Кинаб х1алт1и бук1унеб гьадинаб х1абургъараб заманалда. К1варас к1вараб хъамулеб буго х1укуматалъул.
-Кинабго гьадин буссинилан лъиданиги колеб бук1ун батиларо.
-Зах1малъана Москваялда коммунистаз гъоркье рехи. Ц1акъ зах1малъана халкъалда. Щибилан абилеб Ельцинида, – ян к1алъалаго васасда веэдулев вук1ана Мух1амад-аци.
-Бат1ияб хабар щиб бугеб Кизляралда? Хисулеб батила? – ян Клара-бажуца Изам кваназавулев куц бихьигун маг1у хулун берал къапезаруна Халидаца.
- Мискинлъи буго киса-кибего баккарулеб? Щиб бук1инеб хъими-т1ут1ур гьабулеб бугеб шагьаралда. Клара, дуца гьеб лъимер г1емер кваназабулеб бугин кола дида.
- Лъаларо, - ян дунивал  к1очон тун кари Изамил   к1алдиб лъолей г1адан росасул гьаркьихъ йигьана гьей,- хиралъи асие каридул.
-Изамил кванидасан инкар бук1унарин, – ан елъана Сапият.
-Чехь лъик1 гьеч1ого лъугьине гурин , - ан  вук1ана.
-Мухтарил гурони гьеб ургъел Изамил бук1унарин, к1одоца кьураб кванач1ого гьев ч1оларин, кваназаве Клара, - ян гьимана Сапият.
Бугониги Клараца гъадаро цебеса босигун васас бахъинабураб ах1и кваналеб кваназе вичаян. Клараца аб-доб бицун х1алихъе г1одове вусинавуна квен к1оч1онабун вас. Игрушкабаз данде вачана гьев.
Сапиятица гьел хабар-к1аладаги тун замана г1адада бичач1ого  цадахъ къвариг1араб сумкабазда г1уц1ана. Берцинго кваназеги кванан г1едег1ич1ого ункъоялдехун рукъ-бак1ги бак1а-бахарун рахъана гьел къват1ире.
Араб лъач1ого ана гьениб замана: лъимал рихьизеян т1аде-гъоркье щолел камич1о г1агарлъиялъул к1иябго къоялъ. Берцинго эбелалухъ щолел рук1инч1о васал, гьеб гуребги  рач1аралгун  хабар-к1алада лъалаго х1ухь бахъи кана Халидае жиндиегоги. Хириял г1адамалгун  т1ун рук1и бигьаяб жо гурелъул, чидар шагьаралда. Рокъосел къват1ие яхъине щвеч1еблъиялъги ратила рихьич1ел. Эбелалда бер ч1валародаян йик1ана, амма рокъой гьеч1огонищали лъаларо – йихьич1о… Гьит1иназул бук1араб аваданлъи г1ат1идаб азбаралъур, ахинир рекерахъдизе щун, гьеб гуребги  к1удада лъалареб х1ай бук1ун гьеч1ин. Т1оцебесеб сордо Халидал жидерго спальниялда бусада г1одилаго г1одой ч1ун ана, Мухтарилгун  къо лъик1 гьабулеб бук1ана къаси , виан тезе нек1ого замана щун бук1аралъул, хваразеги г1азаб раг1ула нилъер маг1у гирунщинахъе.Т1оебе мунагьал урадан угьун х1ухьел биана  Халидаа, гьесие жиндаса парахалъи гьабулеб киниги, т1оебе гьедин абулаго танк1 лъуна  хабалъ вугев росасул т1езе к1оларого г1азабалда к1иго саналъул халалъиялда бук1араб бухьеналда. Унгоги  гьеб сордоялъ вукъана ракьулъ Мухтар, вукъана жиндирго рек1елъ, пикрабазулъ, г1умродулъ. Анкан г1одилаго, къват1ибе ба1инабун маг1у къаси бакъвазулеб киниги… Ругьунго радал чирахъ свинабизеян якарай Кларада гьей хъах1алъирил берзул рукъалгун ч1обогояб балайгун накабазда лъун бет1ергун ятана. Яч1инахъего щакърахана Клара: пакъир…дунниги кинай гьей гьаб рокъой йичарай, г1ила батун цогидалъуй кьижизайич1ого:
-Халида, месед, киг1ан хехго жакъа йорч1арай, - ан гьарзаго гьимана х1ал лъазе теларин, щибго бихьуларей, бич1уларей х1алаго.
-Йорч1ами, Клара-бажу, - ян данде яхъана гьей. – лъаларо, ругьунлъун ятила…
-Дун кофе босун яч1ина, - ян бадиб маг1у хулигун къват1ибехун нух босана Клараца нусалда цебеса.
-Эбел, дун гъоркье йилъина, - ян гьаракь борхун абуна къан инеб нуц1ихъги ялагьун Халидаца гьелда хадуб.
Халидада гурх1иялъ Кларада к1очон тана хварав вас жиндир вук1и ва жиндирго чохьол бух1и гьадингояблъун бихьана гьелда нусалда ч1ун бугеб къоялда цебе… «Гьеб лъик1» ан шурана гьелъ болъодухъа гъоркье унаго соролел к1ут1буз « ниж цереса аниги Мухтарил рух1алъе т1аг1ам кьезе  рак1 ч1арав г1адан вуго гьаб ракьалда». Г1урал васазги эбелалдаса мисал босун инсул ва нижер  «мунагьал чурагиян» абила. Аллагь гурх1аги гьезда.
Пианиноялда аск1ойги къач1о пакъир. Гьале к1иго сон данде сверана. Мух1амадидаги к1очон тун буго гьеб вас хваралдаса. Х1ал батулеб буго гьаний яч1анщинахъе, кинабго ц1илъун Халидада. Чан нухалъ рет1ел хисеян, замана анин абуниги рак1 бекун г1одун йичан тола.. Гурх1а аллагь мун гьелда.
Колидоралда хъваши бахъигун Клараца парт1ан маг1у бадиса бакъвазабуна.
-Клара, мун кие йигей ? – ан жанив лъугьун вач1ана Мух1амад.
-Агь. Гьале, - ян гьими гьабуна гьурмада Клараца, амма Мух1амад къанаг1ат гурони гьелъул бадив валагьулев гьеч1о нек1огоялдаса – нагагь щибалиго хъизамалъул гьумералъ т1атинабилин х1инкъарав киниги.- Воскресениялда гьадин хехго вахъинч1ониги бегьилан, х1ухь бахъине. Лъималги кьижун ругеб мехалъ.
-Лъабкъого соналъ вахъаралдаса бат1аго жакъадай   дун кват1ун вахъине колев вук1арав, Клара, – ян велъана Мух1амад. – Кофе т1аса ине гурин. Халида кин йигей?
-Гьеч1о бат1ияб жо, гьабсаг1ат гъоркье щвела кофе гьекъезе. Жакъа т1ад юсине хиял батилин кола гьелъул.
-Бит1араб. Кинабго гьабулеб жиндирго заманалда гьабураб г1адаб жо бук1унаребха. Дуца къвариг1араб-тараб щибго цадахъ лъе.
-Кинабго нек1ого къач1ан буго. Лъимал цодагьалъ гьанир толел г1аги лъик1.
-Машааллагь ц1одорлъи гьезул. К1арчамлъи. Рак1 биинабула жанир лъугьун гьез дир. Лъалаго г1олохъанлъана гьал къояз. Рес бугебани гьел г1езег1ан школалде ине анир нилъгун рук1ине…
-Мух1амад гьит1инаб щварабго лъимер киниги к1удиялде ц1ац1адилев вуго мун гьанже.  Нилъ цоцаца кун г1аги руго, Халида янгъиз чидар шагьаралда  рак1 къвагьун хвела.
-Лъала, Клара. Хьулал лъезениги толаро дуца… саназдаса г1амал хисун буго дур.
Клара х1еренго ялагьана росасул бадий.
Жаний яч1ана Халида:
-Ворч1ами, барка лъеги, - ян ва гьимулаго столалда нахъа г1одой ч1ана.
-Йорч1ами, дир яс.
-Жакъа лъик1аб гьава-бакъ бихьула. Баркаман, - минуталда жаниб якьадалъ цебе лъураб х1ухьлалъараб кофеялъул чашка кодобе босана Халидаца.
-Кларада лъала кофе гьабизе, гьеб дица х1акъ гьабула, – ян хъизамалъе х1алимго гьимана Мух1амад.
Къанаг1атаб аваданлъи бук1ана гьесулъ. Халидада бихьана Клара-бажуца ацидехун берал гьарулел: балай алда бугеб къо бихьиян  бич1изабулеб киниги.
Кофеги гьекъон Мухтарил т1асияб этажалда гьаракь раг1игун къват1ие йилъана Халида.
-Х1ат1ул г1адинаб буго гьурмада кьер. Санал рарал нилъеца бачаниги гьит1инай гъолъие бачизе к1олареб буго къисматалъ гьир бан. К1олебани рух1ги кьела гьелъие  цодагьабниги бигьалъи бач1унебани, пайда щибха. Рет1елг1аги хисулебани…
-Г1емер абуна – г1одун тола, - ян къварилъана Клара, киг1анго къвак1улей йик1аниги.
Мух1амад бак1го т1аде вахъун лъималазухъеян ана кванида юссун  хъизанги тун.
Заманалдаса Клара пикрабаздаса йигьинаюна  циндаго г1инда ч1ван бач1араб Халидал елъулеб гьаракьалъ. Бук1унеб жойищ?! К1очон бук1анини месед биххун щущалеб кинаб релъиялъул гьаракъ. Клара къват1ие якана – ахикь качелазда хьорт1елел лъималгун Мух1амадица бицунелда елъулей йигоан пулан. Щибжог1аги бицунеб бугоян г1ашикъго аск1ой йилъана къвариг1елалъ киниги Клара:
-Кванач1ого качелал бегьиладай гьезие?
Разиял канлъи барал гьурмалгун руссана гьел гьелъухъе:
-Клара, рак1алда бугищ гьит1инав Мухтар катил т1инч гъот1ол караса бахъулаго, живго доваса гъоркье вахъине ч1илги к1ич1ун к1оларого, къойица гъоркь х1апдолеб гьойгун, бакъанида нилъ т1аде щвезег1ан хут1ун вук1арав?
-Бук1инарищха. Х1алице гъоркье вахъаравго гьойида к1ал гъикъулев вуго: цо минуталъ к1ал данде бачине бегьуларогонищ бук1арабан…вай доб къоялъ релъун чахьал унтун кун рук1ана хабар раг1арал щинал. Дур водитель, Муслимица мадар гьабуна гъот1оде вахине, гуребани, подъемный кран ах1изе колаан, долдаса  гъвет1 бат1аго хисун гьеч1елъул – бицалъи гурони, - ян зодоб бахъараб ц1улакъодул гъвет1алухъ ралагьун рук1ана караб рак1алде щвейгун гьел, - вук1арав х1алихьат, къойил кинги бук1унаан ч1алхун, бихъун т1ажу – г1илаги батулаан, раг1и  г1айибалъул абиларедухъ жиндаго, гьадин канила додин бук1анилаян.
-Гьал цодагьал г1одоре руссарал ругин кола. Гьедин абизе жеги щиб лъалеб…
-Мухтар лъаларо, Изамида цо минут х1алхьиялда ч1езе лъаларо: кидаго щиб бук1ани квал-квалиялда вук1ана, киналъулго х1исаб гьабулев, машинаби риха-ричун рекун … - ан талих1го елъана Халидаги. – Дида Мухтарица гъот1ода хут1иялъул бицун бук1инч1о.
-Ч1ух1иялъ г1амалалъул, вай досда караб бук1унеб бук1араб куц зах1мат. Ле, щибизе гьабурабан    цеве эхетизавуни оц киниги г1унун ч1олаан, нахъисеб къоялъ нахъойги  гьури-муч бакулаан кисаниги яги лъидаса бук1аниги. – ян велъулаго гьурмада хъат бахъана Мух1амадица. – Ле, г1олохъаби, рещт1ая кваназе замана щванин, - ан цо-цо кун васал качелаздаса гъоркье рачана.
-Гьал кида росарал? Нек1осал рук1инч1огури…
-Анькидаса батила, лъимал г1ун ругелъул, рак1 гъеялъе. Диегоги, рак1алда буго, гьит1иналдасаго ц1акъ бокьулаан саг1атаз хьверт1елев вук1ине, ясазе пригалкайин абураб жо г1анги хирад рук1ана качелаби – инсуца цо санаг1атаб креслоялъул гьарун ран рук1ана доле доб гъот1ода дие гьел. Клара, рилъаха кваназе.
-Рилъа.   Сапиятица стол г1уц1ун батила. – ян   гъвет1алда бичан бугеб лъел шлангалъухъе нух босулев Изам кодове вачана, - х1алихьат, х1ат1ал радалго ричизарич1ого теларинищ, хехго мамада лъазег1ан, - рохилада чаналиго нухалъ ц1ац1ан бералгун гарбида къвалги жемун кодов вугев васасда к1аркъада убаби гьабуна, - бабул хирад, берзул канлъи, вилъа кваназе. Мухтар, хехго месед, бихье кье бабуляхъе квер.
Мухтар гъоркьанго к1одохъе берелги щвезарун  дадида аск1ов эхетана ва кьур-кьуризабун жиндирго квер къазабуна гьесул хъатиниб.
-Дадил вас, - ан х1еренго лъимадул бот1рода квер бахъана Мух1амадица, - дадил вас дадида цадахъ гурони вилъинищха, гурищха к1арчам?
-У, - ян къулараб бут1ер борхич1ониги эбелалда лъурал берал нахъе росулел рук1инч1о гьес.
-Мухтарчик, - ан васасухъе къулун к1аркъада баана гьимулаго гьеб бихьарай Халидаца.
Нагагь дица анир тезе рук1ин бич1ун цин вугодай Мухтар дихъ  гьедин балагьулев вугев?
-Халида, рилъаха нилъги – гьайбатаб гьава-бакъ буго жакъа, херлъанаг1ан бакъул хинлъи  хиралъулеб буго. Баркаман, - ан зодове валагьун  гьарзаго гвангъун бугеб бакъукь кун ч1езабуна гьес гьумер.
Къиналдаса хадуб хинлъи, харил г1урчинлъи къаркъалаялъ г1ашикъго къабул гьабулеб бук1ана. Их лазатаб замана буго, кват1ич1ого рииялъул бух1иги щвела. Ал моц1ал рекерулел ругел куц…Мухтарил сас тун к1удял рилъинег1ан ч1ей бихьуларищ, Изам нек1ого щиб бук1аниги т1аг1ам кваналев ватула, столалалъухъе щвезег1ан ч1еч1ого – гуребги бабуляца гьесул кваназе гъира лъан  гьуиналдаса  гьуинаб бакарулаан нагагь лъицаниги раг1и абизе гурилан «лъимер кваназе кола, хъалги рукъбиги  хут1изег1ан теч1ого» абулаго. «Уха, Изамил унгоги гурх1илеб х1ал бук1уна, дуца ч1еч1ого эсие буг1е…» ян толароан велъулаго т1ад кун щинахъе гьел ацица. «Дунги Мухтарги нужехъ балагьун ругони г1орц1улин» цинги Мухтариде вуссун махсаро гьабулаан « бихьинчи, гьазул пайда гьеч1о нилъее, нилъ цо-цо нусго граммги гьабизе шашлыкалда бисмиллагьиги лъезе  Карим-г1амахъе, кафеялда ракун лъик1? Гурищха, Мухтар? Ал ару-бири кваналел тела…». Инеги унила  гьев васалги рачун шашлык кванезе эниран  бицуна Клараца зама- заманалда нусалда разиго. Кидалиго залимаб Мух1амад-ацил къаркъала гьанже х1ок1 к1ибекараб кинги лъугьун бук1ана васасдаса ват1алъаралдаса…Циндаго херлъиялъ кодоре росана Клараги гьевги…
Аваданлъиялда кваназеги кванан киналго ахикь гьабулеб –толелда руссана. Халидаца т1угьдузул клумбаби рац1ана ва бакъвараб рич1и нахъе гьабун ракь тамах гьабуна. Клараца клубникаялъе г1адлу гьабуна. Мух1амадиаца лъималгун цадахъ гъут1буздаса бакъвараб ч1ил нахъе къунц1улев вук1ана. Цоцаде махсаро-хоч1гун къалъуде щвезег1ан ахинирго т1ад-гъоркь рач1арал к1алъалаго  хут1ана, цинги ракъизеги ракъун ва дагьалго сваказеги свакан т1аде рилъана. Сапият белъа-бежун гьан, чуг1агун  ялагьун ч1ун ятана:
-Свакаралищ, г1олохъаби? Рилъая кверал чуризеян богорокъоре цере-цере рекерун рач1арал васал  рачана гьелъ. – Щиб гьабулел рук1арал, дадие кумек гьабурабищ?
-Гьабуна, - ян кенч1ана аск1ов гелделев вук1ин гурони мупаг1атаб гали бач1ев Изамил гьумер.
Мухтарица берал реч1изаруна вацасда «нечоларищ» абулеб кинги, цинги абуна:
-Дица ч1илал ц1адаре рана, дадица къот1арал.
-Молодецал, бихьулищ г1ун ругел кумекалъе. Гьанже дадица бокьаралъур рачинарищ нуж. «Луна-паркалда» рачеян абе.
Т1аде щвана хут1аралги.
-Ва! Гьал киредаян вук1арав дун…Сапият, г1олохъабаз кумек гьабун сундаго квер хъвазе бичач1ебха дадида жакъа, г1ун руго васал.
-Бицана, бицана. Ц1адулъ ч1илал рищулел рук1аралиян.
-Бугеб рак1 гъей, Сапият,  гьал хъат г1анал жалаздаса. Къого сон к1игъажаздаса бортарав кинги вуго гьаб к1иябго къоялъ.
-Гьеле гьединха гьез махсароде кун къо ун батулеб дир. Лъимал рац1адал жал ругелъул батила нилъее рек1еда нур бач1унеб гьездаса.
-Лъимазул лъимер ц1акъ хирадаб бук1унеб бук1ун буго.
-Бит1арабха, Мух1амад. Аллагьасе рец гьабулей йик1уней дун бер къанщиялда цебе гьал лъимал дие аллагьас сайигъат гьарунилан. Дирго наслу каранде къазе щвеч1елъул…
-Вала, бадие ецун абулеб замана гуро, азарго баркала буго дуе нижедехун гьуинлъиялъухъ, мун аск1ой гьеч1еяни къаси парахаталда бер данде ине к1велароан жийго Халида ва гьит1инал Мах1ачхъалаялда тун нижеда. Аллагьас алжан хъван батила дуе г1амалалда балагьун.
-Вай, дуца бицунеб щиб, - ан намуслъана Сапият, - дие нур, гьале чан сон бугеб, нужер хъизамалдаса бакун бугеб. Дир гьаб ракьалда мунагьал чураяв хваралдаса г1адан гьеч1елъул нуж гурони. Нужер ц1адухъ йиго хинлъун херлъи бач1ингун…
-Щибасул къисмат, Сапият, гьелъул х1акъалъулъ бегьулеб батани нуц1а къан те. Бицун пайда гьеч1о…Рилъа кваназе.
Залалда лъимал, Клара ва Халида столалда нахъа г1одор ч1ун ругоан Мух1амадихъ ва Сапиятихъ ралагьун.
-Ниж кват1ана. Щиб г1олохъаби, ц1езарилищ чахьазул жал. Х1алт1арал г1адин квананги лъик1, – ан кверал лъухьулаго Сапиятие г1одой ч1езе бак1 цебе ц1ан живго васазул бакьулъ ч1ана гьев. – Мах1ални ц1акъал руго балагьун рихьилин жакъа щиб т1аг1ам гьабун бугебали адаца, гурищха, Мухтар? Яги дуе бат1алъи гьеч1огонищ?
-Гьеч1о, чуг1а лъоге.
-Бит1арабха, дир вас чуг1а буго ручабаз кваналеб жо, саламатал бихьиназе гьан гьеч1ого г1оларо. Бихьея гъадаро… Изам, ва! Бабуляца ц1езабулебищ бугеб – дур чехьалда рекъезабизе элда гурони х1ал к1оларо, дир к1алъазе бак1 гьеч1о…Халида, щиб лъелеб?
-Лъаларо, - ян щаялиго нечана гьей вакьадасда. – Диеги бежараб гьан лъе.
-Бихьулищ, Изам, мама унго-унгояй маг1арулай г1адин гьан кваназе хъинай йиго…
-Мух1амад, - ан бахъана Кларал гьаракь, - теха лъимер х1алхьиялда кваназе.
-Тана, хирияй… Сапият, дуе?
-Чуг1аго лъик1…
-Гьале, босея. Барка лъеги, - жиндиегоги бахъун  чадил рац1и кодобе босана гьес бисмиллагьи ц1и гьабулаго.
Ракъун рук1иялъ батила абизе хабар гьабулев чи кеч1о кванида хадур.
Цинги киналго сунда сунданиги руссана. Халида т1аде йилъана, спальниялде ва бигьагьабун бегьулареб жо киниги магнитафон бичана кидалиго Мухтаргун г1инт1амулеб бук1араб  Аллегровалъул диск лъуна… Тамашалъи, рек1елъ  бух1и гьеч1огури, щиб хисун бугеб, херазул гьуинлъиялъ къинабунищ…Т1оцебесеб гьелъул коч1ол мухъаздаго маг1у чвахулаан гьелъул бадиса. К1очон тараб т1адагьлъигун щват бичан егана кроваталда. Рокъоб бугеб лъик1… дида гьеб к1очонаребани киг1ан бигьа бук1инебан, гьаб рукъ дир, гьанир ругел г1адамал дир хириял г1агарал. Ч1еч1ого к1очолеб буго  дида гьедиг1ан  аслияб пикру.
-Халида, - ян бигьагьаюн жаний лъугьун яч1ана Клара-бажу, – т1ад юссиней ятани лъабго т1убалеб бугин йик1ана.
-Баркала, дун гъапулъун ятилин кола, - ян пикрабаздаса йигьунаго т1аде яхъана гьей. – Дун гьабсаг1ат…
-Г1едег1уге, месед, - ан Клара гъоркье йилъана.
Заманалдаса лъималаздаги баун  Халида Мух1амадица ва Клараца машиналъуе яхъинаюна:
-Лъималгун ниж субботаялда рач1ина. Лъик1ищ? Гьезул ургъел дуца гьабуге – нижеца х1ули т1ад ч1езе теларо гьит1иназда.
-Божула. Дун къаси-къаси к1алъала, - ян  къомех лъик1 гьабун машиналъуе яхана гьей.
-Нух бит1аги дир яс. Нурбег, аллагьасе г1оло хъамизабуге машина, - ян росасул шоферасда гьарана ях1 гьабизе к1веч1о Клараца.
Амма кьураб раг1и трассаялде щвезег1ан г1уна Нурбегие. Ункънусеялда к1икъогоялда бахинабуна гьес машина хъами.. Халидаца гьимун тана – г1олохъанлъиялъ малъараб лъолеб бак1 гьелда лъаларищха.
Цее-нахъ Халида йихьун йик1иналъ гьей к1алъазайизе хиялго бач1о Нурбегица ва нух лъуг1инег1ан г1исинкун гьещт1елев вук1ана.
Бач1инахъего подъездалда цебе ч1араб Вадимил машина лъана гьелда. Ч1ег1ерал ц1ераз жанив г1адан вугищали лъазе к1олеб бук1инч1о. Сан-сандилаго азбаралъуй эхетахъего Халидаги тун Нурбег сумкаби т1ад щвезаризе лъугьана. Аллагьас хъвараб  бихьилин хадуй йилъана Халидаги. Хвана кинабго – щибжодай ургъун буго гьанжесал Вадимица. Киг1ан хехго ятарай гьесда дир рукъ-бак1… анкьабго рекъезе дунгоги хут1ун йиго. Гуля ах1ун лъик1, кани  Х1амидидаги  к1алъан…Вадим бокьараб гьабизе нахъе кьаларо. Гьединал пикрабигун щвана Халида жиндирго рукъалъул нуц1ида цее, гьениб Рафикидаса записка бугоан саг1ат микьгоялда вач1инилан. Ц1акъ лъик1 – гьанжего к1алъала цадахъ Гуляги ячеян. Пихъил корзинкаги болъода лъун жанив вилъинч1ого ине г1едег1ана  Нурбег:
-Баркала, Нурбег. Цо чайдул  чашкаг1аги гьекъеч1ого инев мун…вилъа жанив, минуталда гьалулин лъим.
-Г1айиб гьабуге, цо щвезе хьул бугеб бак1 буго. Мух1амадиеги бокьуларо  ригь гуреб г1ужалъ, кват1ун машина азбаралъубе лъезе дица, абич1ониги дуда лъаларищ? Лъик1 таги, дун ина гьанже.
-Нух бит1аги, - къо мех лъик1 гьабун Нурбег нухда лъун сумкаби, корзина жанире росана Халидаца   ва Рафик т1аде щвезег1ан нуц1а щула гьабуна.
Унго дунивалалда батараб щинаб квен-т1ех лъун бихьула. Дун гьаний Сапият гьеч1они якъуца хвелин х1инкъула долдасаго эбел. Саламатго замана ана  сумкабаздаса босун холодильникалъуб кваналеб-толеб лъолаго: машааллагь гьаб баг1араб ч1уг1ани къаси Гуляе ва Рафикие белъун лъик1 хинк1алги гьарун…баркаман кариги бихьула т1ок1аб Мах1ачхъалаялда щолареб жо киниги саламатго лъун. Вай, заваркадул пачкабиги цин рихьулаян жийго жиндаго гаргадулаго моц1алъ хъизам-къаялъе кваназе г1ураб жо  къват1иб бахъун лъоле-лъолелъуб лъуна Халидаца. Къвариг1ел гьеч1ел къвач1а-матах1ги данде бак1арун, рац1алъи гьабуна  ва унгоги цо чашка чайилан чайник ц1еда лъуна. Жеги гьудулзаби щвезег1ан заман бугилан Рафикихъе к1алъана. Талих1алъ гьев рокъов вугоан:
-….Рафик, къаси аний ч1езе Гуляда гьаре Х1амидидаги абун яч1аян. Лъик1ищ? Вореха, мук1ур гьае цо анкьалъ дида аск1ой йик1ине, лъик1ищ? Зайт1араб рокъой рак1 кьвагьила дир, аск1ор лъималги гьач1ого…Баркала, Раф… Рихьилин, ц1акъго  кват1уге, лъик1ищ?…тана.
Лъалаго рак1ги г1одобе бичан ц1алдезеян Халида кабинеталъуе йилъана ва гьаниб нуц1а рагьигун Вадимил ц1ах1илал беразул балаялда бер к1ут1игун тамахлъун лъавудаса ана.
…Эсалде яч1арайго жийго гьелда диваналда ятана, амма т1ок1аб бер ч1валелъув г1адан чи гьеч1оан. Вай, цощинав цебе т1амунадай…бук1унеб батиларо, кабинеталъув Вадим киса?! Цеве т1амун ватани, дун диваналда ячарай лъица, ахирисеб дица нуц1а рагьи рак1алда буго… гьаглъун ятила дун. Къуват бак1арун сородилел бохдулгун киналго рукъзазул хал  гьабуна Халидаца – щивниги, гьел ч1орого ругоан. Богорокъоса гъоркьа цощинаб машина бихьилародаян якана – киса!  Цощинав цеве т1амун дай? Йохъ, гьале гури къватибе нуц1а нахъаса рагьун. Дица г1езег1ан мух1канго щула гьабун бук1ана гьабан нахъойги рух1 т1аг1унаго нуц1а рахана  гьелъ. Дир рак1 къвагьизе вач1арав г1адан вуго…щиб гьабизеги нахъе къаларев…Халидада гьагаб рохи бач1ана заманалдаса г1одиялде сверараб. Сваказег1ан г1одизеги г1одун  талталдилаго яхъун холодильникалъуса босун кари кваназе жуяна щибго т1аг1ам лъалеб бук1инч1ониги. Рак1го гьеч1ониги бичана телевизор, цониги каналалда ярагьунеб жо гьеч1оан…бащадаб балагьараб киноялъул кассета   лъуна, прокаталде т1ад буссинабизе заманаги щун унеб бугин рак1алда кун. Гьаб  х1алалда т1ехь кодобе босун пайда щиб? Г1оданщинахъе ругьунго жубана г1иссин кун унтизе бет1ер. Диваналде карул гъадарогун г1одой ч1ун лъуг1ун йик1инч1о Халида Вадимил гьаракь бахъигун – дагьаб хут1ана гъадаро гьурщун каригун ч1ехьезе. Экраналдаса к1арчамго гьимулаго к1алъалев вук1ана Вадим:
-Салам. Халида, нилъер данде ч1вай гьадингоясеб бук1инч1о. Божа, лъимер киниги дидаса т1урулей йиго мун гьанжеги – щибизе? Дида лъалаан нилъ данде ч1валеблъи, лъалаан мун росгун аниги. Салам, Халида. Гьарула т1уруге дидаса, дир гьит1ин. Щибизе? Телефон къанилан т1убаларо щибго – нилъ г1исин лъимал гурелъул. Рак1 бац1адго абуни мун хисун гьеч1о… Мун т1ок1алъ йилизе йичазе хьул гьеч1о дир. Дида лъала балагьун ч1езе. Къвариг1ани жеги ч1ела, амма ч1езе келин коларо. Телефоналъул номер дуда лъала, гьеб долдаса цо буго: хьул къот1улароан нагагь мун к1алъалин абун гьал соназ. К1алъае, гьарула. Бат1аго я нахъ т1амизе яги  ургъизе г1ила гьеч1о, я т1убазе жо гьеч1о. Гьеб дуда бич1ани т1ок1аб къисматалда гьаризе жо гьеч1оан дир. Х1аракат гьабе бич1изе, дир гьит1ин. К1оларо  доб заманалда дуца абурабги г1адахъ босун мун йичан таралдаса т1асса лъугьине. Гьеб дир гъалат1 кана…к1веч1о дуда божич1ого ва къисматалда божич1ого вук1ине, къуват г1еч1о дур рак1 бекилилан – гьеб дир гъалат1 кана. Дие йокьана мун. Бич1улищ, гьит1ин, дие йокьула мун. Хьул буго заманалдаса вокьич1онани  ругьунлъизег1аги мун диде ругьунлъинилан. Гьарула, х1инкъуге дидаса… дун нужедаса абизе бат1ияв гьеч1о, бич1улищ абизе бокьараб, диде ругьунлъизе бигьаго к1вела дуда…Халида, гурх1ула дуе караб къварилъиялда. Божа, дида лъала хириял г1адамал хвеялъул къог1лъи. Зах1мат буго мун гьедин куркьбал рекарай х1инч1 киниги йихьизе. Дур чанги гьайбатал г1олилал рихьана. Бахилъула, гьел дир рук1инеги бегьулаан – камураб жо бук1инч1о цох1о дур раг1и гурони… К1алъае, Халида. Т1амуге дун «хадув лъугьине». Дие мун йокьула. Салам.
Экраналде хагарай Халида жинда жужах1алъул т1ину бихьулеб бугеб х1исабалда йик1ана!?!? Гьанже щиб гьабулеб? Лъида аск1ой екерилей? Вадимил ясик1о яхъине щуго минут хут1ун бук1ун буго! Дун парахат. Вадимие нух къан бажарулев г1адан киса ватилев?! Ч1ая… гъос абуна нек1осал дида бан хут1анилан, агьа! Гьанжесалги гьедин бук1инабизе кола… кинабго дидаго бараб буго…
Нуц1ил звонокалъул гьаракьалъ мокърукъ рек1иней куцалда эхеде к1анц1ун яч1ана х1инкъун Халида. Эсалда ятана Рафики велъулев гьаракь раг1игун нуц1а рагьине яхъине. Парт1ан кассетаги бахчун – Халидада лъалароан Вадимил к1алъай  кассеталдаса цоц1ул бичайгун жибго т1аг1унеблъи.
-Салам! Лъик1 щварай, Халида. Борхьида бер ч1врай киниги йигогури мун, щиб караб?, - ян х1инкъадго жанибехун гали босана гьудулалда т1ад лъун бералгун Гуляца.
-Салам. Кьижич1олъиялъ батила, - ян х1алалъ гьимана гьудулзабазул рак1ал г1одоре руссинаризе  гьей.
-Хабар щиб бугеб Кизляралда, херал- лъимал кин тарал?
-Квеш теч1о. Раф, жаниве лъугьа, яги мун кивениги г1едег1унищ?
-Гьеч1о.- ян  хьитал рахъана гьес. – Унгоги караб жо батиларо гури, яги… Дица гьабизе к1олеб кумек батани, Халида, нечеч1ого абе. Дихъе к1алъалаго дур гьаракъцин бат1ияб бук1ана, гьанже абуни г1одизе цин г1одун йихьула, цощинал лъимал рак1алда щунищ?
Халидаца къулараб бет1ер борхич1о, лъида щибилан бицинеб, Рафикица яги Гуляца нек1осал киниги щиб мугъ ч1вай дие гьабилеб – бицун пайда гьеч1о, гьанжеги квал-квал гьезие, дида рег1унищ рук1инел г1адамал… Дун лъимер киниги хьулал гьарулел, цо чаналиго къойидаса вакила Вадим гьезул г1умроялдаги. К1алъае! Унго сунцадай дун т1амила духъе к1алъазе, Вадим! Сунца?
-Рилъа кабинеталъуре, ц1акъаб кари буго нужее эбелалъ бит1ун.
Гуля ва Рафик цоцахъ балагьана, амма руц1ух1ун кабинеталъур ана. Халида гьудулзабазе кари босун йилъана:
-Балай, баркаманалъул ч1ах1алъи!
-Унгоги. Гибрид батила, цебе киг1ан лъик1абги кари лъалаго гьалдаса г1исинаб бук1унаан, европаялдаса гибрид батула, – ян картошка киниги цояб босун х1анч1ана Рафикица. – Дир алдаса аллергиягиха бук1унеб, ихдал киналго релъула – гьале, веснушкаби ран ругилан рыжияв гьеч1онигиян…
-Рокъосел щибулел ругел? Суббота-воскресениялда щибулев вук1арав?
- Щвана рокъове, т1ад ран ругоха ремонтал гьарулел ратулел. Г1умродул к1иго къо гурищан дицаго диего маслиг1атги гьабун х1алт1анаха. Г1адада вук1ун гьеч1о – гьале къаси гьанивги г1одов ч1ун т1аса бищун кари кваналев…
-Гьарун рахъанищ? – ан к1алъана  киг1анха Халида гьесие йокьулей йигоян х1исаб гьабулаго гьезухъ ялагьун кари кваналей Гуля.
-Жеги къоял рала – бригида буго х1алт1улеб…Гьанже къаси кьижизе гурони ц1алул анкьалъ дун эбелалда кодове щвезе  ч1елищха, - ян жиндирго къаг1идаялъ гьумералда баг1арлъи рехулаго велъана  Рафик.
-Зайт1ун буго къаси гьаниб…
-Г1ажаиблъи гьеч1о, к1иго бихьинчи камун ругелъул!
Халида  ролъги буцине ва чуг1а ц1еде лъезеян богорокъое  инеян яхъана:
-Бокьани телевизор бичае, гьале, Гуля, дуе ц1иял журналал росана Кизляралдаса. Дица цо къаси кваназе жо гьабизе ц1еда хьаг лъезин…Лъала, лъала нуж гьабсаг1ат кванан рахъун рук1ин, - гьудулзабазул куцазухъ ялагьун елъана жиндаго лъач1ого гьей, - баг1араб ч1уг1идаса инкар гьабулелищха нуж? Божуларо…диегоги бокьун буго, нуж гьеч1они морозилькалъубго хут1ула гьеб Сапият яч1инег1ан.
Гуля  «Космополитен» журналалда юссана:
-Х1ажалъани  ах1е, бокьулеб куц дие гьаб журнал ц1ализе, босизе хирияб бук1ин гурони.
-Кари диеги г1унин кола, дун рак1 гъеялъе цадахъ вилъина – чуг1а къот1изе бихьинчи гьеч1ого т1убаларин кола.
Халида гьимулаго цее-цее къват1ие йилъана. Хадувго ванна-рокъов квералги чурун щвана Рафикги. Тамахлъизе тезеян ханжу буцулей йик1ана Халида.
-Г1аиб гурищ дун яс гьеч1еблъиялда къаси кивениги инч1ого вук1ине…бит1араб бицани свакан вуго…
-Раф! Г1елаха.
- Гьеле гьединай  квен-т1ехги гьабулей ч1ужуха дие къвариг1ун йигей… Юц1а. Г1едег1уге, гьарула, дида кинабго бич1ула, амма дунги г1адан лъидал – гъукъуге раг1абаздалъуниги рак1 чучине – дида караб г1айиб щиб гьаб г1азабалда вук1ине? Цодагьав г1аги вич1изе бегьуларищ дун дуда.
-Т1ассалъугьа. Г1адада хабар зах1малъулеб буго г1инт1амизеги цин. Г1айиб гьабуге дида: нилъер нухал киданиги цоцалъ жемуларо – гьеб дудаги дидаги ц1акъ лъик1 лъала – щибизе ч1орогоял хьулал, раг1аби. Раф, унгоги дида лъаларо щиб нилъер гьудуллъиялда гьабилебали…
-Мун кидаго йит1арай, амма к1оларо щибго хисибизе…
-Дидаги, - ян ханжуги берцинго салфетка т1ад гьабун кверал чуризе лъугьана Халида.
Къеда вач1ун эхетун вук1арав Рафикица цо галиялъул гьоркъоблъи къокълъизабун  мугъзадаса къвал бана гьелда, амма турк1ун яч1ун нахъехун юссарай ясалъул бадиб бугеб г1азаб бихьигун аск1оса рик1алъана:
-Халида.
Гьелъ юц1ух1ун холодильникалъуса чуг1а къват1ибе босун  гьит1инабго г1ищт1игун столалда хъарщида т1ад лъуна:
-Къот1иларищ?
Г1айибго гьелухъги валагьун Рафикица г1ащт1и кодобе босана:
-Кин къот1илеб? Саламатаб чуг1а бук1ун бихьула гьаб…
-Мугъзадаса эхеб, хрящ нахъе гьабизе колин рук1уна ц1еда лъелелда цебе. Цинги нусалъги т1убала гьеб.
-Баркаман, т1аг1амаб чуг1ани бук1уна гьаб. Хинк1алги гьарулел ратила?
-Полоп киниги хинк1ал цадахъ гьеч1они дида гьелъул т1аг1ам лъаларо чедгун цадахъ кванан, -  ан абулаго Рафикихъ ялагьун яч1ана Халида.
Цощинал гьадинал харбаз хут1аравги г1агарлъизавулев вугодай жинца г1олилаван рак1алда кун.
-Щиб? Абе, гьарула. Кидаго гьедин – юц1ух1ун тола, дида к1оларо кинабго дуе рагьич1ого вук1ине.
Халидаца бет1ер г1одоб къулулаго стенкаялдаса босун хьагиниб лъим т1уна ва къот1араб чуг1а  г1елин караб г1анаб чуризе  лъеда гъоркь хъарщигун босана.
Щибин абилеб?
Хьаг ц1еда лъун, хут1араб ч1уг1а морозильникалъуб  къазабуна.
-Халида, бегьилищ дица гьаниб гордухъ сигарета бух1изе? Бегьич1они дун азбаралъуве ина.
-Дуе бокьахъе, Раф. Гордо рагье… Нуц1а дица къалин, - ан  т1ок1аб щиб гьабизе хут1арабан кибего берги щвезабун цодагьалъ Гуляда аск1ое йилъана Халида.
Гьей щибго к1очон тун журнал бегулей йигоан:
-Халида, гьале лъуг1улей, дун гьабсаг1ат, - ан бет1ер борхана гьелъ нуц1ал гьаракьалъухъ бет1ер борхулаго.
-Гуля, г1едег1уге. Гьабизе жо гьеч1о. Х1амид щибулев вугев?
-Бицун  божиларо! Х1амид вач1ун вук1ана. Щибизеян ц1ехея.
-Щибизе? – ян гьимана гьудулалда Х1амидил ц1ар бахъигун журнал к1очон тараб куц бихьигун ва гьеб гуребги унгоги божизе зах1матаб жо кун бук1ин бич1улаго.
-Рач1айила жакъаялдаса хадур данде ч1вазе: данделъизег1ан цоцада лъик1 лъан рук1ине.
-Унго бихьулищ, щибаб жоялъе жинди-жиндир замана бук1унеб бугеб куц.
-Халида, г1ила бат1ияб буго: дун гьесда лъабго нухалъ Рафикица общежитиялда щвезаюлей йихьун йиго…лъицаниги мац1 гьабун батизеги бегьула…лъаларо. Гьанже Х1амидие къвариг1ун буго нижеда гьаркьоб щибг1аги бук1арабищали лъазе. Намуслъич1ого гьедин абизеги абуна. Т1оцее дун роза киниги т1егьан ана гьесие цощинай «йокьунциндаян» - киса хабар рик1адасан гьабун бук1ун буго, - ян маг1у хулана гьелъул бадиб.
Раг1аралдаса ц1оро-гъорон хут1арай Халида хаган ялагьун йик1ана Гулял бадий.
-Гьанже щибха дуца гьабизе бугеб? Г1еч1елъуб къаси дицаги т1ад жубан бихьулин…
-Лъаларо. Гьесул нахъег1анлъи бич1игун ах1дон яхъун кана «т1аг1а цевесаян»…цинги гьесул вихи бихьигун х1инкъана, цощинаб регьен бихиладаян, киназдаго сурилин… лъаларо, сурана дун росдадаго, - ян рак1 бекун Халидадал каранда бет1ерги бахчун  г1одун йичан тана Гуля.
Киназго х1ехьон бугеб щинаб кьог1лъи. Дун гурониги г1одулел руго къойилго киниги г1адамал. Пакъир Рафик, пакъир Гуля – гьеб буссараб бак1 бихьуларищ. Ургъунго гьоркьоб мац1 гьабураб х1алт1идай, яги Гулял х1алал рихьулев заман дай Х1амидил? Цо-цоясе аллагьас ц1акъ барахщун бичала кинабго. Г1айиб гурищ гьеб расги гуреб г1ила-багьанаги кун гьезул  регьен бихани. Гуля рак1 кьвагьун хвела – рецц аллагьасе дун гьадин г1аги якьад-вакьадас, Сапиятица ц1унун, данде ячун йигей…
-Гуля, г1одуге. Цадахъ щиб бук1аниги ургъила. Дур х1ал бихьулев ватула гьев – дир щаклъи гьеч1о. Г1одуге, раг1улищ? Рафик жанив вач1ани, гьесда щибилан абилеб? Г1одуге.
-Рокъосезда гьеб лъазег1ан хвейго лъик1 дие. Лъицаниги дир раг1ул санцин гьабизе гьеч1о гьеб мехалъ. Щибизе бук1араб дие Рафикил машиналда аск1ойго къазе… Гьанже кинабго хвана. Дир г1умро т1аса гъоркье бусана киданиги рак1алдего колареб жо сабаблъун…
-Г1едег1уге! Дида метерго вихьила Х1амид. Дида кола мун мекъи ятилин. Х1инкъуге гьедиг1ан. Киг1ан г1асияб х1алт1и Рафикил машинаялда рек1и. Къасиниги щай мун гьевгун яч1арай? Т1асалъугьа…цадахъ дунги гьаглъулей йигин кола. Г1одуге. Рафикида абилищ? Гьев к1алъани гьесул щаклъи т1аг1инагури. Бецасдаги бихьила гури Рафикие дун йокьулейлъи…
-Дица абуна гьедин Х1амидида. Дун Рафикида хадуй лъугьун йигин х1акълъизабизе жувана…Талих1 къай дир. Цощинаб Рафикидаги келадай гьедин рак1алда?! Дун гьесда хьулал гьарулей йик1арай киниги?!
-Бет1ер сверуге! Ях1 гьабун г1одое йичай. Гьарула. Гуля, дуда лъала гури мун аллагьасда ва г1адамазда цее яц1ад йик1ин. Гьеб к1очон тоге гьесда к1алъалаго, мун йих-йихани, яги сан-сандани  гьев жеги т1алъула дуде.
-Дунго дидего щаклъиялде кезаюна циндаго Х1амидица.
-Божула. Мун къвак1ун ч1езе кола, гурони екула гьес. Г1амалалъухъ балай цо г1адамасул. Г1одуге. Щиб бук1аниги  къват1иб нух гьеч1еб жо бук1унарин. Рафик аравго берцинго ургъила щиб гьабизе бегьулебали. Рафик жанив вач1ине гурин дун богорокъое  ина. Дица кваназе ах1изег1ан х1аракат гьабе г1одое юссине. Лъик1ищ, Гуля? Дур х1ал бихьулев ватула… ,- ян диваналда г1ебеде ч1вазаюрай Гуляда одеялоги т1ад бачун Халида къват1ие йилъана.
Унго хабар щиб т1аде бач1араб? Пакъиралда ч1ун бугеб къо. Дидасаги талих1 къарай йиго гьудулги данде ч1ван. Гьанже талих1ав чи къалъуда чирахъгун цин ватизе зах1мат батила. Киназего къвариг1уна талих1…жиб жог1аги лъач1ониги…нуж щибулел – талих1 балагьулел… Мах1ниги лъик1 гьеч1о Гулял х1алт1и. Г1айиб гурищ, риидал данделъизин йик1арай г1адан…
Богорокъов рах1аталда г1одов ч1ун вугоан Рафик.
Машааллагь чуг1а белъунеб мах1ил гьуинлъи. Хинк1азе хьаг ц1еда лъуна Халидаца ва герелоялъ ролъ  т1ибит1изабун хинк1азе къот1ана.
-Гуля жеги журналазда юссунищ?
-Цодогьай гъапулъун йик1ун егун  йиго. Кваназе яхъинайилин тана.
…Заманалдаса  квенги столалда г1уц1ун Гуля яхъиназиеян щварай г1аданалда гьей г1одун свакаялъ унгоги кьижун кун ятана. Гьабизе жо гьеч1илан йорч1изайизе барахщана гьелда Халида.             
  Кватич1ого кванан вахъигун ана цо сундаялиго щаклъизе жуварав Рафик. Богорукъги бак1арун  жиндирго конспектазда юсана Халида ва гьединго кодор куралъурго ц1алун рахъинч1ел тетрадазул пачкагун накабазда кьижунги кана.
Нахъисеб къоялъ я Х1амид я Рафик щвеч1о гьезухъе кодове. Марк1ач1ул г1ужалъ лъабабилеб нухалъ Х1амидил квартираялдеги ун т1ад руссунел гьезда данде ч1вана мехтизег1ан гъекъон машинаялда гелдолев Рафик. Т1оцеве Халидадаса намуслъун раг1и батуларого вук1арав г1адан къаси живгун рилъинч1ого г1оларин ва жинца цадахъ рилъинч1ого толарин лъугьана циндаго гьев. Гьадингоги ч1езе бак1 т1аг1арай Гуляда унти бачине бахъана. Х1алалъ Гуля аск1об бугеб тукадаса чед босизеги йит1ун Халида Рафикида к1алъана:
-Раф, бокьун гьеч1о дур гьудуллъиялдаса инкар гьабизе…
Амма гьесул бицараб бич1улеб х1ал гьеч1оан. К1алъан пайда гьеч1илан тукадаса къват1ий Гуля якигун инеян Халидаца такси танхъинабуна: г1ела жакъа къоялдаса т1асаги ун г1орц1ана киналдасаго. Щиб машина ч1арабали эс гьабич1о цонигияз.
-Рокъоре гурищ? – ан ц1ехана Гуляца.
Халидаца рак1 бакъваялъ кун ч1езабураб маг1у гирун ине гурилан к1алъач1ого «уйлан»  бет1ер гьанк1ана. Гьекъон рек1ел бух1и тамахлъизабулев?!
Подъездалда цебе машина танхъигун Гуляца кьолеб г1арац водителас босич1о. Жинца кьелин цеехун гьанк1улей Халидада мугъалдаса Вадим лъана. Ва! Дирго «кино» к1очон бихьула дида жакъа Гулял ургъалабазда йик1иналъ. Тохлъиго щиб дир – гьадиг1ан эс гьеч1ого йик1и г1айиб буго. Канлъи ургъунго бакулареб къаг1ида. Лъач1еб х1ал гьабун къват1ие яхъана Халида. К1икъоялда анц1го гъурущалъ бечелъулев г1адан водитель гьеч1ин Вадиман. Унго к1ал талилелде данде ч1варав вихьуларищ…къойица чан нухалъ дица х1ухьел ц1арабали цин лъалеб батула гьесда. Узухъда. Гьесда адрес абун бук1инч1елъул…тамашалъи, Вадимги Халида лъа1ин 1ана гури…щиб жоялде  ургъун вугевали.
Т1аде щваралго, Халида къойица бог1олъи к1алдиб лъун гьеч1еблъи рак1алдеги щун, парт1ан рет1елги хисун богорокъое г1едег1ана:
-Гуля, рет1ел хисе. Цин цо кваназин.
Гуля абуни, жакъа т1обан 1ег1ерлъун дунивалгун, кида Халида къват1ие инаян ях1 кун йик1ана г1одизе х1адурун.
Заманалдаса кваназе йилъаян абизе яч1ингун дунивал жинца гьабуларин х1ал батун ч1уч1адана гьабизе дару биларай гьей. К1овухъе хабар-к1алалъ г1одое юссинаюн кваназе йилъинайизе к1ве1они, даруги гьекъезабун кьижизаюна Халидаа т1оянго свакан-ч1ван лъурай гьудул.
Балагь, бач1ун буго рак1алдаго гьеч1еб рахъалдаса балагь…
Ч1обогояб балайгун балагьана Халида нек1ого ц1орон т1ибит1ун стол ц1ун бугеб кванихъ… гьанже кваназе хиял бук1инч1о. Цо Кизляралде к1алъан лъик1ан х1алалъ яхъун телефоналъул диск тирана. Талих1алъ гьениб кинабго мухъда бугоан.
Цинги холодильникалъуса кваназе г1ечги босун конспекталгун диваналде яхана Халида. Рукъ-бак1 бац1ине замана щун бугилан пикруги гьабулаго. Деканас институталдаго аспирантураялда жинца бокьани бак1 гьабилин абигун жеги т1ад ч1ун ц1алулеб бук1ана т1ахьал пуланалъ. Макьилъги жий институталда х1алт1уда йихьулаан гьелда. Амма деканас абуралдаса хьулал рук1ана. Бажарани – дицаго диего г1умродулъ щуйилаб лъелаанилан зама-заманалдаса жанисан аваданаб асаралъул чирахъ рек1унаан гьелъулъ. Жеги  инсуда, гьанже Мух1амад – эмен, Клара – эбеллъун лъугьана,  бицун бук1инч1о. Цин госэкзаменал кьела, цинги вохизавилаян. Цох1о гьел, херал рохиялъе г1ологи х1аракат бахъине келарищ къаси макьу тун…Лъица щиб абуниги къанаг1атаб пагьму бук1ана Халидал ц1ализе ва ц1алараб рак1алда ч1езабизе. Гьелда ва гьелъул бажариялда лъилниги щаклъи колароан. Кьураб пагьму  рак1 бац1адго х1алт1изабулаан. Дарсалги ц1алун къаси анц1ил к1огоялде бащалъараб г1ужалъ кьижизеян квал-квалдулаго бахъана телефоналъул  звар-звари:
-Алло… Кинаб г1айиб? Раф, бич1ула дида…Лъугьана. Гуля кьижун йиго. Метер дарсазде вач1унарищ?….Метер к1алъала…мун гьанже рокъов  ватила…лъик1…тана, Раф.
Вигьарав къаг1ида. Нолъ бат1аго дидаса рак1 хварав киниги вук1инч1о гури гьев – щибниги канадай?
Халида пикрабаз хенезабулеб бет1ергун кьижизе егана, радал яхъине кват1изе гурилан саг1атги аск1об лъун.
Нахъисеб къоялъ институталдеги вач1ун «къвариг1ун йигилан» ячун ана кинаб кумек гьудулалъе гьабилебали лъаларого йгей  Халидаги хадуй инагьдулей тун Х1амидица х1ат1ул киниги кьергун йик1арай Гуля. Щиб хабарги босундай Гуля яч1ина? Нагагь регьен бихани гьес Гуляца щибг1аги тохаб х1алт1и гьабиладай? Бугониги Х1амидил куц-мухъалдаса г1асияб хабаргун гьев вач1ун гьеч1евлъи гьаналъ бицунеб бук1ана Халидада. Щиб лъалеб жакъаго рекъезеги бегьула…Г1айиб гурищ гьал к1иго къоялъ жужах1алъуй тиризаюрай гьес Гуля. Институталъул азбаралъуйго эхетахъего хадуй ялагьун хут1ун йик1ана гьей нек1ого берзукьа т1ерхьун цереса т1аг1арал Х1амидил ва Гулял пикрабазда.
Хинаб бакъул къо бук1иналъги рокъое ине хиялго гьеч1ого библиотекаялде ун лъик1илан х1укму гьабуна Халидаца: щаклъи гьеч1о Гуля къасиялде гурони юссинаро рокъое, къвариг1ани к1улал гьелъухъ ругелъул. Библиотекаялде ун лъик1илан  остановкаялде йилъун ругьунго троллейбусалда рек1ана.
Халидаца эс гьабич1о жий рек1инеян остановкаялда цоцада хадур Рафикил «ягуар» ва Вадимил машинаби танхъи. Гьел нек1огоялдаса ралагьун ч1ун рук1ана гьелъ щиб гьабилебан ралагьун. Вадимида ват1а вахъине лъана Рафик – «г1олохъанав лагъ»! Дунго г1адин «отставкаялда» вихьула – гьалгощинал саназ щибулевдай вук1арав?
Амма жиндирго рукъалда цебеса троллейбус унаго  щаялиго гъоркье рещт1ана гьей: лъимал цадахъ гьеч1ониги паркалде ругьунго нух босана. Цебе рагьун ралъад бихьулеб ругьунабго скамейкаялда г1одой ч1ана. Гъугъудилаго бач1ун цебеса паркъана товарнияб поезд. Парк ц1ун буган х1ухь бахъине рач1араз. Бакъанида ц1акъ г1емерлъула гьанир лъималгун рач1арал г1адамал. Зама-заманалдаса аск1ор щолаан г1одор ч1езе бак1 балагьулел г1олилал. Гьез рак1алде щвезабуна гьелда Саратовалда Мухтаргун паркалде ине бокьулеб бук1араб куц:
-Нечолей щай? Рос-лъади цоцада къочине бегьуларин хъвараб бак1 кибниги гьеч1о, -ян велъулаго халкъалда цебе баун толароан Мухтарица гьей.
-Рокъоб гьабизе бегьуларищ? – ан киналго г1адамал жиндихъ балагьун ругел киниги намуслъун росасул каранда бет1ер бахчулаан Халидаца.
-Дун духъ кидаго урхъун вук1уна, хирад. Гьаниб ругьунабго х1алт1и буго гьеб – ялагье сверухъ: скамейкаби, къват1ал ц1ун руго рокьи каразул – рокьи карал г1адамаздаса берцинаб жо щиб бук1унеб. Рахчарун щибизе…сураралъе къазе кола…
-Мухтар, дир цо дуда абизе жо бук1ана, - ян кенч1ана гъоркьан т1аде гьесухъ ялагьулаго Халидал берал. – Яги абич1огойищ телебали…
-Дуго бокьахъе, к1арчам, - ан х1еренго гьелъул беразда т1ат1алаго баана Мухтарица. – Цощинав г1олилас рокьи загьир гьабунищ? Яги рокъое ч1алг1унищ, а?
-Дун врачазухъ ун йик1ана…
-Цинги, месед, мун сунданиги зигардулей йик1инч1о гури – щиб унтараб?
-Гьез абуна дун лъимаде йигилан.
Мухтар заманалъ к1ал-мац1 къот1ун хут1ана, цинги рукъби данде рекиледухъ ч1ужу каранде къана. Циндаго т1аде бач1араб талих1алъ гъогъ гьавуна гьев.
-Киг1ан замана бугин абураб? Дир щаклъи цин кеч1о.
-Лъабго моц1г1анасеб мех.
-Хирияй, йокьулей. Унго лъимер кьунги талих1 гьавулев вуго дун гьанже къисматалъ. Божизе зах1мат буго! Дир лъимер бук1ине буго! Нилъер лъимер! – ан дунялалда къвал балеб х1ал бук1ана Мухтарида. – Г1айиб гурищ гьанже мунгун ват1алъизе – эбелалда цее Кизляралде юссун лъик1 лъимер гьабизег1ан. Киг1ан гьел рохилел гьаб хабаралдаса…жакъа дун талих1 вугев куц, хирияй…
-Мухтар, жеги хехго буго – г1едег1уге к1алъазе. Гьез унгоги теларо мунгун дун гьаний. Лъик1ищ?
-Хирияй, дуца абуралдаса инкар гьабун дихъа бажариларо. Дуе лъик1аб ан вук1ана. Бокьани аск1ой йик1ине эбел ах1изе йиго –хабар лъан тун нахъисеб къоялъго щвела гьел гьанире.
-Кинабго лъик1 бук1ине буго. Врачалъ щибниги  ургъел гьибизе караб жо гьеч1илан абуна. Лъабго моц1 замана гурелъул. Гьеб  гуребги ц1алиги гьоркьоб къот1изабун – г1едег1анхъдуге, гьарула.
-Лъик1, хирияй. Гьанже мунго дуцаго ц1уна-къазе кела. К1вараб дицаги гьабила.
-Мухтар, дун зах1матго унтарай г1адамалъул бак1алде гьаюге, бегьулеб батани.
-Лъик1, хирад. Баэ дида, гьарула. Молодец. Рокъоре рилъинарищ, цодагьаб квачан бугин кола.
-Вилъаха. Бат1алъи гьеч1о, - ян паркалъул скамейкаялдаса т1аде яхъана Халида.
Рокъор щун рет1ел хисулелъул Мухтарица абуна:
-Рет1унге халг1ат – цох1о балагьизе бокьун буго, - ян ва х1еренго баулаго кроваталде йосана.
-Жеги лъалеб жо бук1унаро, гуребани дуца х1исаб гьабич1ого хут1илароан…
-Ручаби ругел г1ажаибал жал – балъголъиялъул ц1урал…
….Халидал пикраби рихизаруна циндаго жиндирго х1ат1азда цун-цуч1ого цере рач1ун ч1арал бихьиназул туфлабаз – гьелъ бигьагьарун берал рорхана, цощинав саг1ат гьикъулев г1адан ватилилан, амма Вадимида бер ч1вайгун ц1орогъорон лъугьана къаркъалаго: я т1аде яхъине къуват г1оларого, я раг1и абизе гьаракь бач1унарого.
Гьелда бугеб х1ал бич1араб киниги к1алъана живго:
-Йорч1ами, бегьилищ? – ан х1алимго гьимулаго щибго бихьулареб, бич1улареб хвел гьабулаго, - Жакъа гьайбатаб бакъул къо буго, унго паркалда х1ухь бахъинеб г1адаб, - ан заманалдаса т1адеги жубана пашманал берал Халидал  кьер т1ун араб гьурмадаса нахъе росуларого.
-Аллагьасе г1оло! – ян гьаракь борч1ана гьелъухъа ва х1инкъадго сверухъ бер щвезабуна, амма гьезда рег1арав г1адан аск1оса г1ебеде гьеч1оан.
-Т1ассалъугьа квал-квал гьабуралъухъ. Мун кидаго г1адин дурго пикрабазда йихьула…Цоцада абизе раг1и гьеч1ел киниги руго нилъ, уйищ, Халида?
-Бегьуларищ ц1и гьабич1ого тезе. Дир унгоги абизе жо гьеч1о. Божаян гьарула, - ян х1алихъего к1алъана  жавабалъе гьей Вадимил балаялда гъоркь ракьулъ т1ерхьинеяли лъаларого.
-Лъимал кин ругел? – ан гьелда цеве к1усана Вадим.
-Баркала. Квеш гьеч1о. Вадим, а гьаниса. Гьаруге къвариг1ел гьеч1ел, гьагал жал. Щибизе мун квартираялъуве лъугьарав? Вадим, бач1инахъего лъуг1изабе кинабго. Щокърое яхун йиго дун гьадингоги. Цодагьаб гурх1ел бегьуларищ дие, киг1анха свакан йигей гьаб г1умроялдаса. Лъимал гурони дир гьаниб хут1араб бухьен гьеч1о. Мухтарил хвелалъ ч1вана дилъ г1умро. Г1арз бахъунеб замана гуро – гьарула йич1аян.
Заманалъ руц1ух1ун цоцада бер щвезе толарого хут1ана к1иялгоги: ралъдахъ ялагьун Халида ва гьелъул балай квезе к1оларого Вадим. К1алъазеян к1ал рагьулаго лъач1ого талун ун гьелъул накалда квер ч1ван ана гьесухъе – ток кьабураб х1исаб лъугьана к1иязего.
-Халида, гьабе дур заманалъул к1иго саг1ат дие сайигъат – г1едег1уге, г1инт1аме цо нухалъ г1аги дица абулелъухъги, кидалиго дур раг1ул къимат дица гьабураб киниги. Мун к1иго саг1аталъ дунгун йилъани – дун гьаб шагьаралда т1ок1ав къаларо… Йокьула дие мун. Рак1 къват1ибе бахъун хисун лъолеб жо батич1о дида, гьал соназ минутги мун рак1алдаса арай замана бук1инч1ин абизе к1ола дида. Мун т1аде, дихъ юссинин хьул бук1ана кидаго чирахъ киниги рек1он дилъ. Дида к1олеб гьеч1о мун гьеч1ого вук1ине, - ян абулаго гурх1иялъ гъанкъулей йигей Халидал накабазда ч1вана гьес бет1ер.
-Вадим, г1айиб гьабуге дида бегьулеб батани йит1ун йич1а, - эбелалъ васул киниги Вадимил расаздаса квер бахъана, - Къисматалда гьабизе к1олеб жо гьеч1о, гьарула дида т1ассалъугьаян.
Лъимер киниги хинал накабазда лъовухъего бет1ергун ч1ана гьев саламатаб заманалъ. Юц1ух1ун ралъададе ялагьун Вадимил расазда квер лъухьулей йик1ана Халидаги.
-Кье дие цодагьаб г1аги кумек гьабизе рес. Дие бокьун буго мун г1умроялде юссинайизе. Заманалда бараб жо бук1ине гьеч1о: киг1ан г1асияб рек1ел бух1иги гьелъ къинабула. Божа нек1о киниги х1алалъ мун дидаго юсинайизе хиял гьеч1о дир.
-Г1адада хьулал лъоге. Нилъер гьоркьоблъи лъиданиги бич1изе гьеч1о: к1иго лъимадул эбел  - дица васазул къимат ц1унизе кола. Дие замана щвана…, -ян скамейкаялдаса т1аде яхъана Халида.
Вадим бак1го т1аде вахъана ва иней Халида тамахго гъеж кун танхъинаюна:
-Халида, цо минуталъ танхъе. Дида лъала дуца киданиги к1алъалареблъи. Халида гьабуге дудаго х1ал: дида бихьулеб буго дун дуе рек1ее г1олев вук1ин – гьеб дагьаб жо гуро г1адамасе данде гали гьабиялъе. Киналдаго к1улал щула гьарун г1умро бук1унеб батуларо. Рек1еда гьел разе бажарулин абураб жоялда дун божуларо гьаб чанги байтуманаб дунивалалда.
-Кире ине колел?
-Щибго ц1ехеч1ого йилъине бегьуларищ? Х1инкъуге – гьаниб шагьаралдаго жаниб бак1 буго…Халида, мун унгоги дунгун йилъини абулеб заманищ?
-Кире бицунареб батани, щибизеян г1аги абе.
-Сундулго пикру гьабич1ого дида божани дун талих1 вук1инаан.
-Лъик1, рилъа. Амма дир к1одоца абулаан: г1емераб жо бокьани гьит1инабги цин щвеч1ого хут1улилан…
-Баркала божилъиялъухъ, - ан лъалаго нур т1ибит1анин кана Хлидада гьесул гьумералда.
Щибго лъалеб хисараб жо гьеч1о ахиралда вихьаралдаса. Доб шубаги жеги Рафикил доба буго   кинабго чемодангун цадахъ. Рук1арал берцинал кольеби…
-Минутал ине руго, - ян машиналъухъехун ялагьун галаби гьаруна Халидаца.
Данде ч1вай гьадиг1ан къвариг1ел гьеч1еб ахиралде бусиналъ жанисанго рак1 бух1ун холей йик1ана гьей. Жеги махсаро бук1анин инкар гьабизе бегьула, кие дун иней йигей?! Щай дие Вадимил гьариялъул х1исаб т1аде босун. Мун довехун – дун гьаниехун. Хабар къокъ бук1ине колелъуб гьеб халалъулеб бугин бералда бихьун. Дир «т1адагьлъиялда» велъулев ватила Вадим. Жеги мех буго  - щай гьал х1ат1ал гьадиг1ан  рак1 ч1ун цере-цере рилъунел ругел?  Унгоги Вадим вит1аравищ? – дие гьев рек1ее г1олевдай вугев -  г1адамал сундаго нахъ г1унт1улелъул!
К1арчамго гьимулаго хаду-хадув вач1инев вук1арав Вадимица цеве лъугьун нуц1а рагьун машиналъуе г1одое ч1езе кумек гьабуна чаналиго секундалъ танхъун хут1арай Халидае. Йохъ, вас-васдизе тезе рес гьеч1о. К1иго саг1ат г1унги ц1ик1араб буго  дагьабниги дие гьай ч1ужуг1адангун цадахъ г1умро хъван батани, гьеб заманалда жаниб дица к1вараб гьабила  Халида г1агар гьайизе. Гурх1араб х1ал буго киг1ан къвак1улей йик1аниги. Божи ц1акъаб ва къанаг1атаб жо. Гьелъие мустах1икълъизе чанги зах1мат бук1ина – дица рак1 хвараб бичаларо, ц1унаги цо секундалъг1аги гьелъул божи дидехун бихираб раг1и, яги гали дица т1амизе. Гьалгощинал соназ бачараб гьанжеги талич1ого  вук1ун бажарани дир шарт1ал г1емерлъилаанха Халидагун вук1ине…
Квешалъе ургъарав г1адаб х1исабни гьеч1оха – зама-заманалъ рехулеб балаялъул х1еренлъи. Г1адамасул т1иналда щиб бугебали лъазе бажарулеб жо батич1о дида. Гурх1ун данде ячиней ятила жакъа гьаб тохаб галудасан дун къисматалъ… Аманат къисматалда гьабулеб буго. Цо к1алъазег1аги к1алъалевани вуц1ух1ун машина бачунев вук1инч1ого. Нилъеего раг1и: сламатав ярагьунев бихьинчи лъиего ч1ужуг1аданлъе рек1ее г1олев ватила, элда т1аде гьарзаго маг1ашаталдаги вугони – т1ок1аб щиб ч1ужуг1аданалъе къвариг1инеб – бокьарай ч1ужуг1аданалъул  анишалда аск1ой г1одой ч1ун йиго гьале, амма дун ч1ужуг1адан гурелъул, дир к1иго лъимал, херал вакьад-якьад – дун ч1ужуг1аданлъиялдаса г1аданалде юссиаюн йиго жакъа къоялде къисматалъ.  Цо санг1ат батун щиб духи гьабулебали ц1ехела жакъа – цинги дирго васал г1уралго гьеб мах1алде ругьун гьаризе. Къанаг1ат берцинаб, т1еренаб бихьинчиясда рекъараб мах1 бук1уна кидаго Вадимидаса. Бат1ияб г1умроялъул г1адан! Дун полалда рукъ ц1ун цадахъ яца-вацалгун кьижун г1урайлъи гьесда бицани рак1 бекила гьесул, дун Мухтарил ч1ужу х1исабалда рет1а-къан, ресалда хьвадулей йик1ин киса гьесда лъалеб. Вадим… Вадим. Анц1ила щуго минутги батила шагьаралда сверулел – кире дай инел ругел? Цощинай кафеялде, рестораналде ячани гьений гьев намуслъизавич1ого йик1ун бажариладай дихъа…Амма машина танхъинабулеб бугин кола. Унгоги бачун маргьоялдаса босун гьабураб кинаб к1алг1аялда цебе ч1езабуна Вадимица жиндирго “ Lеxis”. Гьоболъухъейищха дун ячарай. Вай, гьенир ругел г1адамазда щибиландай рак1алда кела… Гьадинал рукъзабазухъ жаний киданиги жинца гали балин цин рак1алда колароан Халидада, г1умро т1амизеяли кисан. Вадим г1адазе к1алг1а къвариг1унеб батила г1умро гьабизе…Цощинай эбел ятани…Машиналъусаго кнопкаги цун рагьана саламатаб каву -  данде рагьун бач1араб берцинлъи! Фонтанал, т1угьдузул аллеяби – гьадинал нилъехъ рижулел цин ратиларо гъут1би! Вай, розабазул ах! Ч1ух1ун гьабураб минаялъул жаниб лъугьунеб нух, кинобазда рук1уна гьединал  г1емерал болъобигун т1аде рахунел минаби, машааллагь. Вай, Вадим дир хагаялъухъ валагьун ватила – щибизего йик1арай дуе дун гьание ячине – дун сабаблъун намуслъулев вук1ине. К1иго саг1аталъ бажаризабизе кола дица берцинго хьвадун. Ч1ух1арал г1адамал ратила гьанир – гьез лъукъ-лъукъич1они дун г1амал к1одолъун – кинай дун йигеяли бич1ун тун хадуса.
Болъода цебе машинаги танхъинабун, цеве къват1ив вахъун  Халидае квер кьун машиналъуса решт1инаюна Вадимица:
-Лъик1 щварай Эдемалде.
-Раг1и гьеч1о, гьадинаб ч1ух1ун гьабураб мина бихьун бук1инч1о.
- Унго? Гьаб гьадинаб рокьудалъун бараблъун рик1уна дица.
-Божула. Нужер фамилияб к1алг1а батила…, - к1и1 рехана Вадим ощинав Дагъистанияв ватилародаян хьулалъ.
-Халида, гьаб бан лъаг1елг1анасеб замана. Цо дун гурони гьанив жанив жеги лъугьун вук1инч1о. Гьале жакъа талих1 вуго мун гьаний къабул гьайизе ва нужер цоцал лъай-хъвай гьабизе. Ч1ужуг1адан жаний лъугьунареб рукъ бецаб буго. Бугониги гьал гъут1буз, т1угьдуз, къадаз г1емераб жо бицуна г1ин т1амулев чи канани…Ихтияр цин гьеч1ого хъамулей йиго дица мун цо розабазул оранжерея бихьизе. Гьаниб бихьулеб щиналдаса багьаял руго гьел.
Халида г1одое йичана. Жиндирго рукъ-бак1 бихьизабулев вуго. Эбел-эмен гьанир гье1оха…
-Гьаниб г1адан балагьун г1орц1улареб гьайблъи бихьула. Мун вит1арав – Эдем гьадинаб бук1унеб батила.
-Амма цо г1адан жанив вугев Эдем бук1унарин Аллагьас гьений Ч1ужуг1адан йижизаюн йигилан  гьеч1ич1ищха т1ехьалда.
-Машааллагь! Гьадинал берцинал рук1унилаго кун бук1инч1о розаби – гьал дунивал сверун рак1арун ратила гьанир! – ан хабар  т1угьдузде буссинбуна рес батун Халидаца ва хъат-хъат киниги ч1ах1аго рагьун ругел гьезда квер бахъана бархаталда киниги.
Халида цояздаса цоязда юссун г1ажаиблъулей йик1ана: вай берцинлъи…
Вадим гьей т1угьдуз пана гьаюрайлъи йихьигун гьимулаго цебе батараб столикалда нахъа г1одов ч1ана: розабазул мах1ица бет1ер сверулеб бугин колаан гьесда зама-заманалдаса. Гьалик1ач кинги цояздаса цоязде къулун мах1ал сунт1арулей ва гьел лъухьулей йик1ана Халида кинабго к1очон тараб х1исабалда. Гьаб дида бугеб асаралда щаклъи гьеч1ого абулеб батила талих1алъул лах1затилан жиндиего гьимана Вадим. Заманалдаса ях1 гьабизе к1веч1ого аск1ов вилъана:
-Берцин гьеч1ищ гьал?
-Вадим, баркала, дида гьадинаб берцинлъи бук1унеб жойилан колароан, жакъа     рихьана розаби кинал жал рук1унелали.
-Йилъа цодагьалъ х1ухь бахъине, - ян живго г1одов ч1ун вук1арав столикалде квер гьабуна Вадимица, - хинго буго жакъа – щибго гьекъезе хиял гьеч1ищ?
-Бегьила. Розабазул мах1алъ бет1ер сверизабулеб бугин кола дида.
-Божула. Хинаб къоялъ ц1акъго бук1уна гьезул берцинаб мах1.
-Гьазул т1алаб гьабулев курав чи ватила?
-Цо китаец вуго – кинабго къвариг1ел гьес т1убала, дун абизе гьанив щоларелъул…
Вай, цинги гьаб щибулеб бак1ха, жанир г1адамалго гьеч1ин абулеб жо кола гьесул гьанже абурал раг1аби. Вадимил х1акъалъулъ дида щибго лъаларелъул батила гьанже дун гьадин вас-васдилей йигей. Ц1ехезеги кин ц1ехелеб чан саг1ат буо гьевги дунги цоцада рихьулел- к1алъалел.
Столикалда нахъа ч1ун рахъилелде Вадимица цо ч1ух1ун гьабураб шишаялъуса шампанскияб т1уна бохдул халатал бокалазухъе:
-Халида, яч1а данде ч1ваялъул х1урматалда, дуе г1оло гъекъезе, – ян берцинго бокалги Халидал кодобе лъун т1аде вахъана Вадим ва аск1ов эхетана.
Гъоркьан т1аде Вадимил бадийги ялагьун бокал гьесулалда тункинабуна Халидаца ва  дагьабго т1аса гъекъана. Хъах1илал беразул т1иналдаса кидаго т1аг1унарин кола Вадимил пашманлъи.
-Цо кинаялиго киноялда йигей х1исаб буго дир, рак1 рагьун абуни, - ян бокал столикалда лъуна гьелъ.
Вадимица гьимулаго  аск1обго бук1араб стаканалъуб жиндиего ругьунго виски т1уна.
-Пихъ кваназе хиял гьеч1ищ? – ан столикалда т1ад бугеб пихъил вазаялдаса салфетка нахъе гьабуна гьес. – Бихье дуего  микьир бац1ине…
-Баркала. Г1айиб гурищ дун жакъа гьудулалда йихьулей гьеч1ей.
-Халида,   хадув чи вит1илищ? Дир махсаро гуро. Бокьараб мехалъ къабул гьайизе бегьула дуца гьей гьаний. Бич1улищ, – ан гьит1инабго гъадароялъуб т1еренаб хъалги нахъе гьабун мокьрол кесекал  цере лъуна гьес Халидада. – Жакъа къо нилъер бук1ине те. Шампанскияб гъекъолареб щай, цощинаб рак1 рекъеч1огонищ? Бокьараб абе – гьаниб гьеб камун батиларин хьул буго. Батани минуталда босизе вит1ила Чан.
-Гуро. Квал-квал гьабуге. Гьеб бищун лъик1аб Франциялдаса батиялда щаклъи гьеч1о – г1айб дида – гьекъон тун хехго г1адалъ бахуна дир гьеб…
-Мун т1аде кана, - ян Халидаца г1ажаиблъизавуравлъи бахчулеб бук1инч1о гьес, - Шампанскиялдаса буго гьаб. Цо-цо гъекъола дица гьеб марка.
Молодец, королева ятила мун кие каниги…
Жиндаго лъачого Халида баг1арлъун яхъан: дир гьаглъи – Вадимида нек1ого лъалеб батула дун якараб къаву.
Гьале гьанжеги щибаб къоялъ рестораназда гурони кваналарей киниги к1арчамго, т1адагьго гъадароялдаса микьир т1аг1анабулей йигей куц. Бицун х1ал к1оларей к1арчам. Кидаха гьай ч1ужуг1адамалда к1иялго цо-цае рижарал рук1ин бич1изе бугеб?! Гъалат1 кана шампанскиялда т1ад  виски гьекъе – г1адалъ бахунеб бугин кола дагь-дагь кун.
Халидаца гъадароялдаса бет1ер борхана ва х1алимго жиндихъ валагьарав Вадимил балаялда гъоркь нахъойги баг1арлъун яхъана. Гьав бихьинчиясул балай бигьаго добе- гьанибе бачине бажарулеб жо гурин кола дихъа.
-Вадим,  микьир гьабсаг1ат гъот1одаса бет1араб киниги гьуин буго. Баркала. Дир жакъа г1ажаиблъиязул къо батила: май моц1алда микьир киса бук1унеб?
- Лъаларо. Чанил х1алт1и. Гьев мастер вуго абураб т1убазе. Бокьараб квенги гьабун бажарула, ахикъ гьесул х1алт1иги дуда бихьана. Розаби ва ч1ужг1адан  ратила цо-цал багьаял гьаб дунивалда. Дуда кинан колеб?
-Зах1малъула абизе. Узухъда мун вит1арав ватила, бихьинчи х1исабалда, амма ч1ужуг1аданалъе жиндирго лъималаздаса гьайбатал жал ратиларо…
-Дур гьайбатал г1олилал руго. Талих1аб ва халатаб г1умро кьеги гьезие. Бахилъула дуда…Халида, рак1 бац1адго абила – дун цодагьав гьекъон вуго. Х1инкъуге гьарула, минуталъ бадиб кьер хисараб куц дур. Мун х1инкъизеян абураб жо гуро, божа. Дие цо суал кьезе бокьун бук1ана дуе. Бегьилищ? – ан бадив валагьун ч1ана Вадим.
-Ц1ехе, - ян х1ухьел кун шурана жаваб гьабич1ого т1уяларейлъи бич1игун.
-Цониги доб къоялъ дун т1асса вищун  вук1аравилан кеч1ищ дуда? Рак1 бац1адго – гьарула.
Жаниса бух1ун бахъун чехьгун к1ал-мац1 къот1ун лъугьана гьей: унго рак1 борлъараб суал.
-Киданиги, Вадим, - г1одобе къулараб бет1ер борхич1ого раг1илеб раг1илерудухъ шурана Халидаца.
-Дида чанги кола гьедин ва г1айибавлъун рик1уна дицаго дунго. Т1ассалъугьине к1оларо. Йохъ, Мухтарил х1урмат дица ц1унула: г1адада дидаса цеве дуца гьев гьавилароан. Дун вит1арав гьеч1ищ?
-Мухтар вуго Мухтар, - ан лъуг1и гьеч1еб г1азабалъул ц1уна гьелъул берал, - мун вуго мун. Рач1а т1ок1аб гьесул рах1ат хвезабич1ого рук1ине.
-Халида, гьарула, рак1 хоге дида, -цоги виски т1уна стаканалъуб Вадимица.
- Диеги.
Дагьабго бокалалъуб шампанскиябги т1ун Вадим Халидада цеве вач1ун эхатана:
-Баркала, – ян кодоса босана жиндирго бокал.
Щайдай гьав эхетаралъувго ч1ун вугеван рах1ат хвана. Т1арсиниса баг1лидул горо босулеб х1алги гьабун саг1тида бер щвезабуна гьелъ: бащадаб саг1ат гурони унго гьеч1о гури!
-Вадим, г1одов ч1а. Диогеница Соломонида абухъего: хинал бакъул ч1орал рахчуге дидаса.
-Унго! Гьеб раг1араб царас бечедаб халг1ат т1асса бахъун къун бугила Диогение, - дица щибдай дуе сайигъат гьабилеб? Сайигъат бук1ине кола Соломонида барщадаб, гьесул багьаяб.
-Вадим, г1акъилас щибго гьесдаса къабул гьабич1ебила…
-Лъала. – ян циндаго стаканалъуб бук1араб щинаб гъекъон бахъинабуна гьес, цинги ц1ибилалъул горо к1алдиб рехун  хъач1го гьимулаго ц1ехана:
-Лъалищ кинаб дулъ бищунго к1удияб г1унгут1и бугебали?
-Гьел киназулъго рук1уна.
-Бит1араб… мун ц1акъго ц1одорай йиго ч1ужуг1аданалъе. Бич1улищ?
-Ятизеги бегьула. Бихьиназе гьединал рокьулареблъи якъин.
-Амма дулъ кинабго ц1акъ мух1канго  буго…Унго дур гьайбалъи, - ян бак1идаса йосун каранда къана гьелъул ц1убг1ан араб къаркъала. - Йокьулей. Дир г1ашикъ.
-Вадим! Гьабулелде ургъе, - ян бугеб къуваталъ гьесхъа борч1араб квер къабуна баизеян т1аде къулараб гьумералда. – К1очон тоге, дун дур гьобол йиго! Кьураб раг1уе хилиплъизе г1едег1ана мун…
-Бокьараб раг1уца бух1е, хъатица ч1вае гьаб дир гьумер – дица мун т1ок1алъ киениги йичаларо. Киениги – свакан вуго дуда хьул-хьулдулев вук1ине.
-Вадим…
-Г1ела цо нухалъ г1инт1амураб!
-Вадим, диралдаса чанги берцинал къаркъалаби шагьар ц1ун ругелха…
-Къаркъала дур лъидал, божуларо гьеб хиралъуларей ч1ужуг1адан йик1унин абуралда. Божуларо, Халида. Дагьа-макъалниги дидаги лъала ручаби, - ян ахикьан бугеб къокъ нух кун рокъое кодоса йичаларого ячана Вадимица гьей.
Х1ат1ица тункун рагьана нуц1а ва г1ат1идаб холалде жанире лъугьана.
- Микидул бак1лъи буго дуда, рух1 сунца кун бугебали. Кваназе замана щун бугин коларищ? Абуниги макал цо-к1иго бог1ол мугьалъ къойица г1орц1ун рук1унел ратила, - ян гаргадилаго т1асан х1ухьел унеб бугеб кванил ц1ураб к1иго чиясе прибораз г1уц1араб столалда нахъа бак1ида тамахго г1одой ч1езаюна гьес бигьалъилъул х1ухьел бичарай г1адан.
-Вадим, гьанир г1адамалгойищ гьеч1ел?!
-Бит1арабха. Дун тун бат1ияв г1аданасул лъак1ал гьале жакъа дур кола.
-Хирияв аллагь! Ахикьа гьание дихъаго йилъун бажарилаан…
-Т1оцебе гьаб рокъоб ч1олеб х1ет1е  г1одоб хъвазе теларин вук1ана. Цорозег1ан кванил х1урмат гьабун лъик1 гурищ – цодагьаб бет1ер гъогъ бугин дир, гъекъаралъ лъаларо дур аск1облъиялъ  лъаларо…
-Мм… мах1ал ц1акъ т1аг1амал руго, – ян салфетка гъадароялдаса босун накабазда т1ибит1ана Халидаца.
Вадимица бежараб гьанада релъарал кускал лъуна гьелъул гъадинир:
-Кванан тун хадуса дица суратал, т1ахьал рихьизарила дуда.
-О! Дур т1убараб программа бихьула х1адурун…
-Г1едег1уге. Мун жакъа гьаний йилъиналде микъ г1анаб хьул бук1инч1о дир…Минуталда х1ал хисулеб куц дур. Лъалищ зама-заманалдаса х1ал гьабизе хиялалда т1амула дуца дун. Щаяли жеги абизе к1оларо, - ян нахъойги вискиялъул стакан  кодобе босана гьес.
-Вадим, рач1а роц1араб балайгун рук1ине къомех-лъик1 гьабиз замана щвезег1ан.
-Бич1ана, - ян дагьабго гьекъон стакан лъуна гьес.- Халида, мун дица бакизег1ан ч1ун ятиларо…
-Кваназег1ан лъазе бокьун бук1ана гьаб нилъер г1адатияб гьанишан яги…китайцасул  х1алк1олъишалиян?
-Мм…Лъаларо, гьан батила. Дица гьесда щибниги гьезул кухниялдаса т1аг1ам гьабеян къанаг1ат гурони абуларо. Бугониги баркала китайцасе, - ян гьимулаго т1аде вахъун Халида накабазда ячана Вадимица. – Цощинай загьру батилин щаклъунищ? Бигьаяб иш: цин дица кванала, цинги дуца х1анч1ила – хвани цадахъ г1аги рукъилел ратилин.
-Вадим, йичай. Г1уч1-гъуд квализабун дихъаго бажарилин. Баркала, дунго кванала.
-Г1едег1уге, те цодагьалъ дур хинлъи лъазе, гьарула. Дур мах1алъ гьекъел бук1араб  бак1 лъач1ого т1аг1унеб буго, божуларищ?
Щиб гьесда абилеб. Кинан инкар гьабилеб гьит1инабго гьариялда.
Г1оч1ода ч1ван розовый кьералъул гьит1инабго  сундул лъалареб кесек куна гьес Халидал к1ут1бузда цебе:
-Х1ал бихье, омаралъ ч1варав и вугилан дида раг1ич1о жеги.
Омар!? Бугониги  к1алдиб гьукъич1ого бичана. Ва! Чанги т1аг1амаба жо бихьула.
-Дица абич1ищ китайцасда кванил  балъголъаби лъалилан. Цо уба гьабизе бегьиларищ? Китайцасе кванил баркала гьабураблъун рик1ине бегьула, дун мустах1икъав  жеги ватич1они…
-Вадим!
Амма Халидаца к1ал рагьизег1анго к1аркьада уба  гьабун бахъун бук1ана Вадимица:
-Киг1андай Чан вохила. Гьадинай гьайбатай г1олилалъул уба макьилъ щолеб батила гьесие.
-Вадим!
-Щиб, Халида, китаец х1алт1удаса рехеян абулеб заманищ дур? Гьаб минуталда т1убала…
-Г1ела гогьдари, - ян  махсароде елъана Халида ва гьесухъа кодоса г1уч1ги босун кванида юссана, Вадимил кодой гьеч1ей киниги.
-Халида, цодагьаб диеги те. Кваназе хиял дир бук1анин кола…
-Унго!? Лъуг1улеб бугебха омар, вахъа – китаецги х1алт1удаса рехун гьанже боща-богал лъица гурин дуе гьаризе ругел.
-Дудаса ват1алъизе бигьаяб х1алт1и бугин ятилаха мун. Абадиялъ гамбургерал кваналев хут1аниги шуриларо…Халида, дуе дун щивали лъазе бокьун гьеч1ищ, цониги мунги щиван ц1ехоларо дуца. Дуе гьелъул ургъелго гьеч1огонищ?
Аллагь. Раг1абазулъ бугеб унти…
-Дуцаго замана щварабго бицинин йик1ана…
Щибго хинлъи бук1инч1о гьеб жавабалда.
Бокалалъул т1иналда валагьун Вадимица шурана:
-Замана щун бугин коларищ суалал кьезе? Цодагьабг1аги дир х1акъалъулъ лъазе.
-Дуего бокьахъе, Вадим, - ан рорч1ун ана нахъойги ц1оро-гъорорал раг1аби Халидахъа.
Бак1аб сих1къот1и лъугьана к1ияздаго гьоркьоб. Цоцахъ балагьуларого хут1ана к1иялго.
Киг1анха гьесие г1адамазул ханлъи, гьуинлъи камун бугеб!? Г1адада ратиларо гьал берцинал берал кидаго пашман ругел. Вадим, нилъеца къот1и гьабунагури: к1иго саг1ат – цинги  кинабго къот1ула. Щибизе дие мун лъан?! Халида яхъун гьес кун гьеч1еблъи бич1игун диваналда г1одой ч1ана.
Аск1ов щвана нахъойги вискиялъул стакангун Вадим:
-Дуе т1елищ?
-«Аморетто».
Бокалги гьелъухъе кьун аск1овго г1одов ч1ана гьев. Щаялиго гьесдехун гьанк1ун  кваранаб високалда уба гьабуна. Турк1ун вач1ун стакан бортун ана гьесухъа.
-Вадим, бице дурго х1акъалъулъ…гьаб данде ч1ваялъул ахир к1ияздаго лъаниги дида мун киданиги к1оченаро, божа. Дица баркала кьола къисматалъе мун данде ч1ваялъухъ. Г1айиб щиб   мурад т1убач1ониги, лъай-хъвай кана…щиб лъалеб жеги цо-цада ратизеги бегьула нилъ, гьудулзаби х1исабалда…Дуда лъала къисматалъ абизе йохизе теч1о дун… гьединго талих1  вугин абизе зах1мат буго мунги.
Гьев вуц1ух1ун Халидал бадив валагьун хут1ана, цинги бигьагьаюн къвалакье ячана. Бегьулабани г1умроялъго кодоса йичалароан гьес.
-Гьанжениги божуларищ киг1ан мун дие гьеч1ого г1оларого йигеблъиялда. Кинабго т1убазе мунгун ват1алъизе колев щай? Бич1уларо. Щай нилъ рат1алъизе колел? Лъие гьеб къвариг1ун бугеб? Нилъ цоцае рижарал руго…Дида к1оларо мунгун ват1алъизе…щибизе дица мун доб мехалъ йичан тарай цойгидавгун?
-Къисматалъ хъваралдаса гьабизе жо бук1унарелъул батила. Вадим, дун цойгидавгун гуро дуца йичан тарай – гьабуге дуего г1азаб – дун росгун рекъана доб мехалъ. Кинан мун нижеда гьоркьов лъугьине вук1арав?
-Лъаларо, доб мехалъ бегьуларого бук1ана – лъик1! Гьанже г1ила щиб?
Халида абизе раг1и батуларого юц1ух1ун хут1ана. Кинан абилеб, г1емерал г1илаби руго дир, дур ратич1они… Киналдаго мал ч1езе бажаруларо дихъа…
-Щиб г1ила Халида? Ч1оге юц1ух1ун, дида лъазе кола – гьеб дир  ихтияр буго.
-Вадим, дун х1адур гьеч1о дур суалазе жавабалъе. Мун киданиги вихьилин, ялъуни дуе йокьулин пикру цин бук1инч1о дир. Божулищ? К1иго сонидаса данде ч1валел руго нилъ т1оцере жакъа…дида мун лъаларо, мун квешав вугин абулей гуро – дида мун лъаларо! Дун х1инкъула дудаса, нижер бихьиназул хьвада-ч1вадиялъул г1адан мун гуреблъи х1акъаб. Мун Дагъистаналдаса цин ватиладай? Дун гьадинги данде гали гьабунилан рак1 бух1ун холей йиго машиналъуе яхъаралдаса – йит1ун йич1а – тохлъи буго дир гьеб…Кидаялиго дур охранникас абун бук1ана дур телефоналдаса к1алъаял Италиялде рук1унилан…т1ок1аб гьесда цин лъалеб жо батич1о… Щиб бухьен дур Италиялда?
-Бизнес. Дир эбелалъул ват1ан…Коньяк т1елищ? Дица гьекъела.
-Баркала. К1варич1о. Вадим, дица г1инт1амун буго, - х1алимго гьесул бадий ялагьун ч1ана Халида.
Дагь-дагькун кодоб бугеб бокалалда х1ухь балаго жиндирго г1умроялъулбиинебайбихьана Вадимиа:
- Дир эмен Москваялда ИМОги лъуг1ун г1емерал соназ Италиялда посоллъун вук1ана…гьенив дагь-дагь кун мафиялъул кверщаликъе кана гьев. Россиялда, нек1о – Совет х1укуматалда – хабар т1атинег1ан гьесул счеталда цо чаналиго миллион доллар лъун бук1ун буго: инкар гьабизе к1олареблъи гьединаб ишалдаса мафиялда ц1акъ лъик1 лъаларищха. Жакъаги цин дида лъаларо щиб «кумек» инсуца гьезие гьабулеб бук1арабали, чанги инсул гьудулзабазда, лъалел-хъвалезда хабар гьабуна – щибниги лъидасаниги лъазе к1оларо. Щаклъи гьеч1о инсуда щиб гали жинца гьабуниги Москваялда лъач1ого хут1улареблъи, бугониги гьев мафиялда вухьун вуго. Зах1мат буго кинан гьеб карабали лъазе. Лъаларо рокьи карай яс Клаудиа мафиялъул боссасул яс ятиялъищ гьев векаравали? Лъаларо…Амма инсуца регьен   гьабун ячарай дир эбел. Бич1улищ – гьеб доб мехалъ жинцаго жиндаго пистолет реч1араб жо бук1араб…К1иго сонидаса гьавун вуго дун. Доб мехалъ Москваялъул квач1икьа х1инкъун Олбаница дурц Италиялъул гражданин гьавун вуго. Амма анц1го соналъ гурони кланалда дир эбел-эмен ц1унун бажарун гьеч1о: автоавария КГБ гьабураб бук1иналда лъилго щаклъи келищха… Абула хваликъ цоцада жемун къочарал киниги ратанин гьел,- ан ч1амуч1го ц1идасан кидалиго г1умроялда бихьараб щинаб рак1 бакъвай рак1алда гьурщигун берал къанщана Вадимица. - Лъаларо гъваридаб, къанаг1атаб рокьи бук1ун батизеги бегьула гьезул. Гьелъго дагьа-макъаб бицунеб буго кинан эмен Олбанил кланалда каравали – мафия, хилипчилъи – гьеб кидалиго вецарав дипломатасе рец1еллъул  Москаялъул х1алт1и   бук1ун батилин тола дица…Гьебго заманалда Москваялда ругел инсул эбел-инсуца посольствояльда к1варал рухьеналги х1алт1изарун дун Россиялде вуссине къеркьей гьабуна. Саламатав вас кодоса вахъарав г1еч1ого Олбание васасул цо бугеб насро теларин лъугьарал гьел… дие доб мехалъ анц1го сон бук1араб…Москва бергьана, херлъарав зайт1ун живго хут1арав Олбаница дун Лениградалде вичана. Т1оцебе чанги зах1мат бук1ана ругьунлъизе Россиялде, г1адамазде, сураталда гурони кидаго г1агар рук1инч1ел к1одоэбелелда ва к1одоинсуда ругьунлъизе. Заманаялъ жиндирабго босана…К1иго сонидаса кинан ихтияр босарабали Россиялде дун т1ад вуссун вачине вач1ана х1алалъ ч1аголъиялде карав Олбани. К1иябго хъизамалда гьоркьов цо дун гурони бихьинаб насру бук1инч1елъул…Салматав вас г1одана дун Олбанигун цадахъ инч1ого ч1еларилан: амма киса, кьуризарич1о Миша-дада. Х1алалъ бицунеб бук1ана гьев дида т1ок1ав вихьулареблъи.. Рокъов вачун бажарич1они цо вихьизеян вач1ун вук1унги ватила  санаг1ат балагьун Олбани…Жеги берцинго т1ассалъугьине к1оларо хераздаса цадахъ дун вичач1олъиялда ва т1ок1ав Олбани-к1удада дида вихьич1олъиялда гьел сабаблъун…Гьоркьоб ана микьго сон – ц1алулев вук1ана МГУялда, дагь-дагь кун рагьулел рук1ана къват1исел пачалихъазде нухал, хисулеб бук1ана бихьулаго х1укумат т1обанго. Турпоездкаялде Германиялде инев вугинги абун дун каникулазда Италиялда г1едег1ана: холев  вук1ана ч1алг1ун. Т1оцее цох1о йик1арай Олбанил гьит1инай яц Китил дове вилъана – к1удада хун вугоан – щвана хъизамалъул хабаде: к1удада,эбел,эмен…- ан Вадимица кодобго бук1араб стаканалдаса вискиялда х1ухь бана.  – Китица ва гьелъул яс дир гьит1инлъиялъул гьудул Моникаца к1удияб рокьигун рак1-рак1алъ къабул гьавуна дун. Моника дидаса и1го соналъ гьит1инай колаан, амма санал гьоркьор ругеллъи нижеда лъа1 о къоялъги: оадаса х1ал хьоларого рук1унаан. Чанги моц1ал я дир рокъоб яги гьелъул дора ралаан нижеца…ч1алг1ен щиб жояли нижеда лъалароан – цоцаца т1уран рук1унаан. Гьанже гьей гьайбатай яс лъугьун йигоан. Цо къо киниги ана к1иго моц1, т1ад вуссине хиялго бук1инч1о: Москваялда г1умро, университет циндаго г1ададаблъун бихьана дида. Я Моникал я Китил дун т1ад вуссиналъул хабар раг1изе бокьун бук1инч1о. Инч1ого г1олореблъи бич1игун Китица къват1ир рахъун рач1ана инсуца дир ц1аралда гьарурал документал. Эмен чанги бечедав г1адан вук1ун вуго. Г1еч1елъуб Олбаница жиндирго ва дир эбелалъул бут1аби хвелалда цебе дие буссинабун батана. Бищун дир хириял г1адамаз боц1иги  кьун янгъиз тана дун дунивалалда…
Вадимица цоги бокал вискиялъул гьабуна.
-Диеги т1е, – ян шурана сас тун г1инт1амун йик1арай Халидаца.
Х1ухь бан вискиги гьекъон «амморетто» т1ун бокал бегьана гьелъухъе:
-Ч1алг1ун батани, йилъа жание.
-К1варич1о, - ян дагьабго коньякги гьекъон Вадимица уба   гьабулаго кьураб микьиралъул кесек к1алдиб лъуна Халидаца. - Цинги щиб бук1араб? – ан х1алалъ шурана гьелъ цоги Вадимица баани тамахлъулейлъун бич1улаго.
Х1еренго гьелъул  бадивеги валагьун Вадим бицине жувана:
-Цинги… документазда рекъон парфюмериялъул ва хьитазул фабрикабазул  бащадал акциял дие ва бащадал Китие хъван ругоан. Миланалда бугеб фамилиялъулаб к1алг1а, Парижалда, Лондоналда, Делиялда ва Каиралда ругел минаби, Майямиялда коттедж дир ругоан…Счеталда дун гьеч1еб анц1го сонги т1ад жубан анлънусго миллионалдаса ц1ик1ун бак1арун бугоан. Китица абуна жинда щиб гьабилеб лъач1ого бач1унеб г1арац счеталде бак1арун бук1ана. Т1оцеве вихиялъ дида щибго бич1унеб бук1инч1о. Союзалда квартираялда г1урав дун гьаглъилин кун бук1ана циндаго киниги бач1араб бечелъиялдаса. Амма Кити меседил рак1алъул г1аданалъ сабурго, бац1адго бицана.
  Киг1анго рес къот1аниги виза лъуг1ун тун вуссана Союзалде. Рак1 бац1адго Миланалде вуссинилан бицана херазда. Лъалищ гьезда дун вич1ана, рак1алда вуго к1одо-инсуца абураб  куц:
-Союз биххине хут1араб жо гьеч1о…Г1орхъибиги рихинел ратила. Цо гьари буго – ниж рехун тоге. Максимил берзул   нур вуго нижее мун. Гьеб  нурги свани лах1туялда буссина нижер г1умро…
К1одо синкъиялда г1одилей йик1ана дир г1умроялда т1оцее. Росас г1орхъиби рихулин абиялда гьей кисаха божилей, божич1о.
Щиб бицаниги гьал к1иялго херал гурони Россиялде дирги рук1инч1о щивниги. Щаяли лъаларо гьудулзаби гьедиг1ан рук1инч1о, эбел-эмен хваралдаса дунго диего г1ун вук1унаан. Т1оцеве ч1алг1ана Моникахъе. Гьелъул рук1ана чанги бат1и-бат1иял гьудулзаби. Художниказул колледжалда ц1алулей йик1ана гьей. Маялда щвана Миланалде. Эбелги ясги талих1 ругоан дун вихьизе. Анкьалъ Италия сверана Моникагун. Вачинч1еб бак1 теч1о гьелъ. Г1орцизег1ан кьижизеян хьулалда руссана Миланалда. Киса! Компьтералъул курсал, английский, италяньский мац1азул курасал, ц1иял х1алт1ул лъай-хъваял. Китица цо минут г1адада бичазе теч1ого кват1ич1ого акционерзабазулгун лъай-хъвай гьабуна, директорзабазул Советалъул вице-президентлъун вищана. Бук1араб замана…
Т1оцебе Китил т1алаб-агъаз бич1уларого вук1унаан. Гьелъул хьулал дида ран рук1ун руго. Моника ва бизнес. Унго бат1ияб талих1 дицаги гьарулароан. Дун х1адурарав вук1ана: Моника йик1ана дир т1оцебесеб рокьи, амма къисматалъ бат1ияб хъван батана. Рималда выставкаялде вач1арав художникгун цодагьалъ практика гьабизе ана Моника… Нижер рокьи т1ад бан т1егьалеб г1уж…Щибго ургъел гьабич1ого моц1алъ рат1алъулел ругин рат1алъана. Моника  Лос-Анжелалде ине йичаларин лъугьун йик1арай куц гьелъул эбел – дун вук1ана нижер гьркьоблъи жагъалъилин художникгун гьей ани…Амма Моника лъаларез гурони гьелда  йичаларин абиларонха. Моника ана. Эбелалда гьаналъ бицунеб буго бук1ун батилаха. К1иго анкьидаса мотоциклалъ авария гьабун хванин телеграмма бач1ана Иствудидаса, художникасдаса. Г1асияб хабаралъ ч1аго хвезаюна Кити. Кинабго т1аса-гъоркье г1умроялъ буссараб киниги лъугьана гьей. Олбанил хъизаналъул г1адамал г1иц1го машинабазул авариялда хола. Талих1 къараб хъизам. Т1ат1алаго унтун кана больницабазде. Иргадал нухалъ гьелъухъе вакизе вач1аравго жиндирго адвокатгун йигоан Кити. Г1умроялъул нур свараб рак1 т1ет1елеб гьимигун гьелъ дихъе Олбаниязул хут1араб бечелъи диде сверизабунин абуна:
-Г1умро халатаб батаги, дир вас дур.
-Кити! Г1едег1уге. Мун гьеч1они компанияби т1аса гъоркье руссина.
Абун бахъинег1анго бич1ана гьелъул балаялдаса гьагал жал дица рицунел рук1ин…Кинал компанияби!?
Г1емер къоял рач1ого свана гьелъулги г1умродул чирахъ. Гьеб кана к1иго соналъ цебе.
-Лъалищ, Моникада пархен буго дур: к1алъалеб къаг1ида, хьвада-ч1вади… Т1ассалъугьа гьеб дуе рек1ее  г1еч1они. Т1оцее кафеялда йихьарайго бич1ана дида  нилъер данде ч1вай г1адада гьеч1еблъи. Божулищ? – ан абулаго гьимулаго вискиги т1ун гьекъана Вадимица    ва х1алимго Халидал гьумералда хъат бахъана.
-Гьарула, гьекъоге т1ок1аб.
-Дур бит1араб. Дир чан сон бугебали колеб дуда, Халида?
-Лъ-лъаларо…Лъебералда щуго, яги к1икъого. Лъаларо.
-Къоло  ункъо.
-Унго, - ян нечон яхъана Халида.
-Дур гьайбалъи. Жанире рилъун лъик1 гурищ.
-Жанире? Дие заман щвана.
-Бегьуларищ цодагьалъ ч1езе. Суратал рихьизарилин вук1ана.
Халидада инкар гьабизе к1веч1о. Разилъи бихьигун Вадимица бигьаго кодое йосана ва рокъовехун  валагьун вилъана.
Рокъор абуни киса кирего  вазабазда лъурал розаби! Машааллагь. Жиндаго лъач1ого Вадимил гьумералда лъухьун анна Халидахъа жиндирго к1еркьен. Гьес тамахал к1ут1буз баана к1аркьада. Гьимиялъл берцинлъи! Кинабго берцинав г1адан!
-Мун Мах1ачхъалаялде кинха карав? – г1ат1идаб холалда киса кирего лъун ругел розабазухъ  цоги бер щвезабулаго ц1ехана жанире щун рахъигун.
-Т1оцеве?
-У.
-Божиларо, дир прак1удада Дагъистаналдаса маг1арулав вук1ун вуго. Бакуялдаса инеб поездалде лъимерлъиялда вугев г1адан рек1ун унев и Бакуялдаса Ленинградалде т1ад вуссун къвариг1елги босун инев вугев разведикас бесдалавин кун гурх1ун нухда жинда аадахъ вугилан 1ехолездаги 1езабун Ленинградалде щвезег1ан ваарав Мух1амад. еКаялъул  х1алт1ухъан, инги Туриялда балъгояв агент… К1удада Мишаца гьарана жиндирго инсул арти-авал балагьеян. Мух1амад лъугьарав максимлъун, Максимил вук1арав вас Мирза, г1урус ва документазда Максим – дир инсул эмен.
-Батиларо, - ян г1ажаиблана Халида.
-Батулебха. Архивалда анги жо батараб нижеда  тухумалъул х1акъалъулъ. ...революциялъул сонал. Дир инсул вацг1алги ватана кагебеялъул х1алт1ухъан,полковник, гьесул лъималги руго гьанир Мах1ачхъалаялда щиб Москваялда щиб хъулухъазда. Би гьединаб жо батила: рач1инахъего рек1ее г1уралха дие Дагъистаниял. Божулищ? – ан нахъойги х1икмалъарай Халидахъ валагьун  живгоги г1ажаиблъулев вук1ана  гьелъие жина биунелъ гьабулеб бугеб асар бихьигун. – Щай юц1арай? Г1емер раг1и бицунеб г1адат гьеч1ин кола дур.
Халидаца гьимун тана.
-Мина-бак1 к1удадал вацасулищ?
-Гуро. Гьаниб мунгун г1умро гьабилин хьул бук1ана дир. Амма талих1алъ гьанжеги мугъ рехулеб бугин кола дида.
Халида абизе жо батуларого Вадимихъ ялагьун хут1ана.
-Гьаб кинабго дур буго, гьабуралдаса хадуб. Рач1а цо гьит1инабго экскурсия гьабизе, - ян х1еренго нилъо борхизабун Халидал бадив валагьун ч1ана гьев.
-К1-к1варич1о. Дун ина, - ян нуц1идехун бер щвазабуна Халидаца.
-Т1уруге, Халида. Нуц1а рахан буго, - ян ч1инт1иледухъ каранде къана гьей, - йокьулей, т1уруге. Дида лъала дуца киналдасаго инкар гьабулеблъи. Документал гъоле столалда т1ад.
-Бет1ер сверуге. Дун йихизаюлей йиго дуца. Бихье рокъое ине.
-Дица щвезайила. Ургъел коге.
-К1иго саг1ат  ана. Гьаглъуге, Вадим. Данде гали гьабун бахъиналде х1ат1ал къот1араб иш гьабуге.
-Асир гьайизе т1амугеха, -ан диваналъухъе галаби рана Вадимица, амма Халидада бугеб къо бихьигун аск1об столикалдаса босун альбом рагьана.
Саг1аталдаса ц1ик1ун заманалъ бегана гьез альбом. Китил, Моникал. Олбанил хъизан-къай. Эбел-эмен. Жиндирго. Ахиралде – Халидал.
-Гьал киса, Вадим?
-Берцинай яс гьеч1ищха? Мун Мах1ачхъалаялда йигей заманалда рахъун рук1ана, - ян  велъана гьев, амма циндаго нуц1ида к1ут1улеб  гьаракь бахъана.
Халидал мах1абазулъа эхебе ана бак1арун рух1. Х1инкъиялъ рак1 къват1ибе к1анц1илилан кун бук1ана гьелда.
- Йиххуге, дун гьабсаг1ат.
Вадим къват1ив ана ва минуталдаго жанив вач1ун Халида ванна рокъое ячана – кверал чуризеян.
-Баг1арун буго кверлъин бахъинарищ?
Кондиционералъ алжан киниги бугеб бак1алда бич1уларого Вадимихъ ялагьана гьей ва гьесул бераз гьарулеб бугеб куц бихьигун ч1ег1ераб кверлъи бот1родаса ц1ана.
Гъванщида гор сверун гьарун гъалазда квер бахъана Вадимица.
Гьале гьанже цойгидас квер бахъана гъалазда. Хирияв Аллагьан Мухтар цеве т1амун вач1ингун рак1 кьват1изе х1ал бач1ана пакъиралдада. Мат1уялдаса гьелъул гьумер хисигун Вадимица квер нахъе босана.
-Кваназе гостиниялъурищ рилъинел, яги библиотекаялдейищ?
-Бат1алъи гьеч1о, - ян х1алалъ гьимана Халида, кида рокъое щвелилан ургъалида, - Лъалищ, библиотекаялда бер ч1вазе бокьилаан.
-Хьул буго, гьенир рак1арарал сочинениял дуе рек1ее г1елилан. Бит1ахъ бицани, дуе щиб бокьулебали якъинлъизе зах1мат бук1ана. Киналго гьединал ц1алулел ратилин, яги ц1ализе бокьилин хьулалъ росарал руго.
Халида к1иабилеб нухалъги «дуе» ян абигун раха1т хун лъугьана. Унгояб жо батиларо! Гьаб кинабго дие, гьаб к1алг1а?! Щибго бич1уларо. Унгоги дун йокьулейищ, яги…Яги щиб? Къаси дун гьаний щибулей? Щибизе гьаб кинабго?
Вадимгун гьей лъабабилеб этажалда рахана. Машаалла, этажго бугоан цо к1удияб зал-рукъ. Къадал ц1ун, нек1сияб къаг1идаялда гьарурал стенкаби ц1урал т1ахьал, ч1ах1иял гордазда гьаркьор суратал, тамахал диванал, креслаби, нек1сияб к1удияб стол, гьединалго бак1ал, г1арцул ч1ух1ун гьарурал х1едул чирахъ жанир лъолел жал. Ц1акъ рекъон бараб люстра. Камин. Халида абизе раг1и батуларого т1ахьазада юссун хут1ана. Машаалла, камураб т1ехь гьеч1ин кола гьаниб.
Музыкалияб центр бичан, аск1ов вач1ана Вадим:
-Дун мекъи кун вугищ? Киданиги гьел дуца кодоре росилин хьул къот1улароан дилъ, дур кверзул хинлъи лъалин  гьезда, т1амхазда дур х1ухьел ч1валин…
Щиб абилеб?Гьал т1ахьал ва маг1арухъ рукъ анищ. Макьилъ ятила дун. Маруанил диск лъун бихьула. Маргьо, йорч1уларей  щайха кинго. Щибизе къисмат белъулеб бугеб гьанжеги дида. Г1адамазда раг1ани. Лъималазда цее бет1ер борхун хьвадиларищ. Якьад-вакьад,  гьел  ч1аго рук1аго цоги бихьинчи, йохъ, гьеб вах1щилъи буго. Киданиги к1оларо…
-Сундул пикрабазда йигей? Дир куркьбал рекарай х1ерен … – ан  ахирги 1ехана Вадимица, хаду-хадув Халидада т1ахьазул мухъазада цадахъ вилъунев вук1арав чияс.
Библиотекаялъул бакъулъ, к1удияб фикусалъул гъот1ода гъоркь лъун бугеб креслоялда, заманалъ Маруанил макъаналъухъги г1инт1амун хут1ана Халида. Щай дир кидаго гьадин колеб. Мухтар гьеч1ого ракьалда къо баларин гурищ дун йик1арай. Щиб дица гьабулеб бугеб? Г1айиб гурищ… Вадим, щибизе дуца дун гьаний ах1арай, щай дун разилъарай. Суалал, нусго суал… жавабал киса ралагьилел, лъица ралагьилел. Цоги чигун данделъи дие хвел бук1ина. Г1адамазда раг1ани, хвана дир иш…Кинабго бит1араб – к1иго саг1ат дие сайигъат гьабулев гьав г1адамасе баркала гьал т1ат1алаго лах1туяллъун циндаго лъугьарал саназда. Т1ок1алъ я рихьила цоцада я рихьиларо…
-Хирияй, сундул пикрабазда  йигей? – ан шурана заманалдаса данде вит1ун г1одов 1ун вугев Вадимица.
-Агь, гьеч1о. Дун ц1акъ кват1улей йиго. Лъималазухъеги к1алъач1о.
-Гьанисан к1алъае, гьарула. Цох1о сордо…
-Г1ела, Вадим. Мунгун кинабго к1очон тун т1ояларо дун. Дир рак1 лъик1 гьеч1о буго.
-Бич1ана, – ян сун ана гьесул берзул кунч1и.
-Маргьо лъуг1ана, – ян гьесул бадие ялагьун ч1ана Халида.
-Нилъ лъимал гурелъул, цох1о дуда бараб буго гьаб «маргьоялъул» ахир. Г1едег1уге жаваб гьабизе. К1иго моц1аздаса дун т1ад вуссина, цинги абизе те. Лъик1ищ?- ан т1аде вахъана г1одов 1ралъуса гьев.
Щаялиго адахъго киниги  т1адеяхъана Халидаги.
-Бегьулеб батани, ц1и гьабуге, - ян гьесул каранда ч1ван ана Халидахъа бет1ер. – Заманалда щибго хисизе гьеч1о. Дуда мустах1икъай данде ч1вала. Жакъа лъана дида мун щивали, дуда дун жеги лъаларо: эбел-эмен, рук1а-рахъин…Бич1улищ дие абизе бокьун бугеб жо. Мухтарил к1иго васасулэбелдун йик1и к1оенебегьуларо. Гьесул эбел-эмен дир эбел-эменлъун кидаго рук1ана, к1иабилебги  гьел лъукъизаризе дида к1оларо. Бич1улищ? К1оларо…щиб талих1 къвараб къоялъ дун дуда данде ч1ван йик1араяли.
- Божа, буго заманалда бараб. Кинабго заманалда бараб буго. Рокьи талих1 къвараб бук1унеб батиларо. Щиб г1ила бук1аниги нилъ рат1алъулин абуралдаса дун цо минуталъ божуларо: нилъ цо-цае рижарал руго ва данде ч1вач1ого рук1инеги рес бук1инч1о. Дида кинабго бич1ула, гьел раг1абаз дур къимат цодагьабги к1одолъана. Гьединай йик1иналъ йокьулейги ятила дие мун.
-Дида лъаларо. Унгоги, - ян лъимадул киниги бац1адаб балаялъ Вадимихъ ялагьана Халида жиндаго гурх1иялъ гьелъул бадиса чвахун ана мухъал гьарун бух1араб маг1у.
Вадимица тамахго къвалакье ячана гьей:
-К1варич1о, заманалдаса кинабго мухъда бач1ина – гьанже дуе зах1мат буго бук1аралдаса йорч1ине.
-Вадим! Вадим, – ан г1од-г1одун йиччан тана Халида.
-Дун кивениги инаро, Дагъистаналдаго ч1ела. Г1одуге, гьарула. Щибизе нилъ рат1алъизе колел?
-Г1айиб гьабуге, дие нек1ого рокъой йик1ине заман щун буго. Т1ойит1е дун, гьарула.
-Кванч1ого унге. Йилъа, кинабго х1адур буго.
Столалда нахъа цоцахъ бер рехи гурони абизе жо лъуг1араб киниги рук1ана гьел. Рестораналдаса бук1аниги кванил т1аг1ам лъач1ого ч1ух1ун къач1ан тарелкаби ц1ун т1аг1амаб кванил Халидада.
Гьединго руц1ух1ун хут1ана машиналъурги. Рат1алъиялъ рак1 бух1ун щакърахулаго щвана Халида рукъалда цее. Къог1аб къисмат: кинабго г1аксалда буго! Подъездалда цере щвейгун къо-мех лъик1 гьабизеян гьелдехун вуссингун чвахун инел к1иго маг1ил мухъ  хъатица танхъинаруна Вадимица гьелъул гьурмада.
-Вадим, Вадим, - ан нахъойги г1од-г1одун йичан тана Халида.
Маххул ч1ужуг1адан! Бигьа буго г1адамазе гаргадизе.
-К1варич1о. Г1одуге… дуе цодагьавниги хирияв ватани киданиги инаро гьаниса Италиялде. Заманалдаса дур рек1ел нуц1а рагьила дие. Хьул буго. Мухтар, Изам дир васаллъун рук1инин. Хут1араб жо нилъее щибизе?!
-Абуге гьедин. Мухтар вуго нилъеда гьоркьов.
-Мухтар?! Дида лъаларо гьев. Бокьун гьеч1о лъазе. Дица киениги йичаларо мун, - ан машина бакана Вадимица.
Амма гьеб багъаризег1ан къват1ие лъугьун бажарана Халидахъа. Соролел бохдуз т1ок1аб гали балареблъиги бич1ун квер ч1вазе бак1а ан сверухъ ялагьулаго сук1-сук1ун ана Халида. Хъир-хъирхъириялда цебеса паркъун машинаги т1аг1ана.
-Лъик1 гьеч1ого лъугьунищ. Бихье кумек гьабизе, - ян т1аде къулана  аск1оса иней г1адан.
-Баркала. Цодагьай тохлъана.
-Унго гьанже машинаби хъамулеб куц. Г1аданищ, г1анк1удал т1инч1ийищ сан гьабуларо. Г1орц1ун буго халкъ. Г1орц1ун буго, г1орц1арав – беццав…Кие уней г1адан?. Яч1а скамейкаялда г1одой ч1езе. Гали бахъине к1олищ?
-Лъаларо, - х1ал бихьи гьабуна, амма талун шапине дагьай хут1ана.
-Т1ассалъугьа квал-квал колеб буго дуе, г1едег1ун йик1ун ятила?
-Бицунге, – пахруго к1одоца гъеж кун кумек гьабуна Халидае.
Бицунаго хабаргун квартираялъуй щвезаюна гьей г1аданалъ Халида.
Нуц1аги щула гьабун цебе батараб креслоялда т1ийит1ана гьей ва ругьуналго пикрабаз асир гьаюна. Рик1алда гьеч1ого караб данде ч1вай лъуг1иналда г1одой йичазаюна гьей. Унго Вадимида бук1араб х1ал. Пашманал берал киданиги к1очене к1олел жал ратиларо. Т1ассалъугьа дидасаян чвахун инеб маг1у гьукъич1ого биччан тана гьелъ. Гьанже бегьула. Гьал къадазул ругьунаб бугелъул. Гьаниб бегьула г1одизе. Сваказег1ан. Кинабго бич1и гурони, данде гали гаьбизе рес къот1и. Къисматалъ гьедин «рохизарулелъул» катиа г1унк1 киниги. Лъабго абадияб сон!!!
Телефоналъул звар-звари бахъана, х1алалъ аск1ое йилъана Халида: щивдаян.
-Г1инт1амун йиго… М-мунищ? Кинабго лъик1, сундулго къварилъи гьеч1о… Дие щибго х1ажат гьеч1о, гьарула бич1а, Вадим. Дун гьений унаро…Бокъахъе гьабе. Т1ассалъугьа, дида гьедин абизе к1оларелдаса…Ц1ам щваге. Нух бит1аги, гьабулеб данде билъаги. Кинабго лъик1 бук1ине буго. Кинабго, Вадим, божа.К1оларо. К1оларо, г1азаб гьабуге. Сордо лъик1…дие мун чияр гьеч1о, гьеб дуда лъала. Сордо лъик1, Вадим, – ан г1одоб лъуна трубка ва берал къанщана, маг1у бичаларин.
Баркала гьеч1олъи гьелъул г1айиб бук1инч1о.
Къоги бащадаб…Субботаялда лъимал рач1ина. Киг1анха ч1алг1ун йигей гьезухъ… К1иго моц1алдса щиб хисинеб? Щибниги! Хехго лъимал рач1унелани. Изамил к1арчамлъи, Мухтарчик цодагьав жиндиего г1урав вуго – инсуда релъи берал, расал, гьумер, велъулев къаг1ида…кинабго инсул, сурат кинги. Изам дида релъарав ватила тамахав, х1алимав, к1арчамав…Т1ок1абги щиб къвариг1ун бугеб? Аллагьасул ццим бахъина г1арз бахъигун. Арал инч1ого т1аг1ина санал, г1ела г1олохъаби васал…
          Щай, щай гьедин бук1ине колеб?! Щай? – ан зодое юссун ах1делей х1ал бук1ана гьелда.
Талталдилаго йилъун спальниялдегун рет1елги т1ад кроваталда щапана ва ругьунго къандалъоялда гьумерги ч1ван синкъиялда  рак1 бекун г1одана.

* * *
…Къисматалъ абизеги кунч1и бичач1ого жиндирабго билъинабуна. Ноябралъул ахиралда эмен хвалил бусада вугин  машина хадуб бит1ун бачана Мух1амад-ацица.
Лъимал Сапиятида къан анкьалъ бок1оналда хут1ана гьей. Гьале гьедин щвана Халида чаналиго соналдаса жиндирго азбаралъуе. Рокъоб хисараб жого гьеч1оан. Добго мискинлъи, добго рак1а-рахари гьеч1олъи. Унгоги дун къват1укъа ятила…астовпирулагь, астовпирулагьан кана Халидада рак1алда. Больницялда мекъи кун ятич1они. Цодагьаб божизе бегьулеб г1адаб жо буго. Киналдай унго- унгоял дир эбел-эмен ругел ан т1оцебе г1умроялда пикру гьабун ва хвалил бусада вугев инсухъеги ялагьун  гьелъ. Гьав холев г1аданасе ц1акъ йокьич1о дун, щай? Гъоркьа-гъоркьа берал реч1изарулел рук1ин  гурони яцал цо раг1удаениги аск1ор къач1о. Щаялиго Халидалги билъинч1о гьезда к1алъазе рак1. Нужеего бокьахъеян тана. Х1алт1уца ва лъуг1ел гьеч1еб инсул г1акъубаялъ к1ек1арай эбел – гьелъул хьул гьанже Халидаца эмен вукъизе кумек гьабилародаян бук1ана, лъица щиб абуниги Халида йокьулаан гьелъие… Цогидаздаса гьелде гурх1улаан, бич1улаан гьей бат1ияй йик1ин ва бат1ияб г1умро къвариг1унеблъи. Киса босилеб? Гьеч1еб жо. Ахиниб ч1езабураб бичун, уборщица гьабурабги данде  рехун г1езарулаан гьелъ рукъ ц1урал лъимал. Росасдаса копеек бихьич1ого ана хун мунагьал чурад. Киг1анго нечаниги Клара-бажуда аск1ойги ун цодагьаб г1арац гьарана: г1агарлъиялъ вукъизе теларин. Эбелалъул йохи. Унгоги цох1о Халидада мугъ ч1вани гурони гьелъул цогидал лъимал язихъаб г1умроялда рук1ана. Анц1ила  анлъго сон баралдаса Халидада к1очон тун бук1ана мискинлъи щиб жояли. Гьелъул бугеб сурараб, инжитаб сипат. Жеги огъич1ел щуго лъимер. Клара-бажу ва Мух1амад-аци рук1инч1елани  киндай дун йик1инаан…гьел цереса ани гьадинабго язихълъиялда кела дунги: цох1о учительницаялъул харжалъ г1умро гьабизе кани… Бихьугегиян х1инкъана т1оцее г1умроялъулъ бак1лъи гъварилъиялъул т1ину загьарлъараб киниги гьелда цебе ва  гьеб гванду раг1а-ракьан гьеч1еб бук1ин бихьиялдаса г1емераб жоялда бат1айиса балай хисана гьелъул. Лъимал, дир к1иго лъимал руго!
Анкь т1убайгун хабадеги ун, лъималазухъе г1едег1ана Халида,  ч1алг1ун холей г1адан. Гьей Кизляралда йик1аго чанго къоял гьезда аск1об бан рач1ана  якьад-вакьад. К1арчамазул рохи бихьизеанищ эбелалда бер ч1варабго. Халида яч1ин лъайгун курсго щвана инсул зигара гьабизе. Талих1алъ Сапиятица квен-т1ех рекъезабун нуха лъуна гьел. Эбелалъ гьабулареб т1аде босун гьабула пуланалъ. Бесдаллъи, янгъизаб херлъи – дирабго гурони бихьуларо дида. Гьелъ къулч1араб щинаб щиб гьиралда лъелеб?
Инсул бет1ер цебеса арабго хъизаналъе г1адло гьабизе жуварав бищун к1удияв вац заман балелдего щвана Халидахъе. Кидаго цо-цае  рик1к1ад рук1арал гьел. Г1исх1акъ вихьигун ц1оро-гъорон хут1ана Халида.
-Жанив вач1ине бегьилищ? – ан сих1къот1и бихинабуна нуц1ихъ эхетун вугев г1адамас.
-Бегьула. Бегьула, - ян йихахъего квер гьабуна, щибизе вач1араван пикрабазда Халидаца.
-Квеш бихьуларо, - ян хьиталги рахъун кибего бер щвезабулаго  гостиниялда диваналда х1ат биччан г1одов ч1ана гьев. Цинги к1вен-к1вендулей яцалде бер щвезабуна, - ц1али лъуг1изе г1емер замана бугищ?
-Лъаг1елги моц1ал.
-Заочно босизе бегьулареб жойищ гьеб?
-Бич1ич1о, - ян т1обанго рух1 ана Халидал.
-Бич1изе жо гьеч1о, - ян г1едег1ич1ого сигареталда ц1а лъуна . – Пепельница босе.
Халидаца кисаялиго балагьун пепельница столикалда лъуна.
-Кидалъизег1ан т1ахьазда юссун йик1ине рак1алда бугеб, г1елин коларищ? Дун г1инт1амун вуго духъ, - ан рохъо килищалъ пепельницаялъубе гьабуна.
-Дида щибго бич1уларо. Дир ц1алиялъ лъиениги къварилъи гьабулеб гьеч1елъул…
-Ва! Унгойщ мун. Заман щвана рокъой юссине – янгъиз дур гьаниб иш гьеч1о. Кизляралда учительницалъун х1алт1и камиларо.  Эбелалда аск1ой йик1ине къваригун буго гьит1иналги данде рачун.
-Рокъор жеги яцал ругогури, дун лъималгун гьение щибизе?
-Гьагал суалал кьоге. Нужер ургъел гьабизе аллагьасда ва г1адамазда цеве дида т1адаб буго. Дие бокьун гьеч1о мун гьедин йик1ине. Дица Мирзае раг1и кьун буго дур…
-Гьев щив? - ан абун бажарана циндаго х1ат1азда гъоркьан ракь т1аг1унеб бук1ин бич1игун Халидахъа.
-Нилъер имг1ал. Дур лъимал къабул гьарилин абуна. Ц1акъ г1аданлъи бугев чи вуго. Жиндирго лъабгоялги руго гьесул. Рукъ ц1урал лъималги, к1иго бет1ер рекъон маг1ишатги  - т1ок1аб щиб къвариг1ун  бугеб ч1ужуг1аданалъе. Гьезие нахъе т1амизе бокьун гьеч1о. Кват1изег1ан теч1ого магьариги лъун данделъизеян вугоан гьев.
Халида цин г1исин кун, цинги к1арун елъун йичан тана. Талих1 Сапиятида гьеб хабар раг1улеб гьеч1еб.
-Г1одое юсса, – ян  къварана Г1исх1акъил сог1аб гьаракь.
-Гьа-гьа-гьа-га, – ян ч1езе к1олареб релъи реч1ана Халидада, - н–нуж…нуж дир ургъалабаздайищха рук1арал? Унго г1умроялъ налъулай йик1инаан цониги нухалъ рак1алдениги щвеч1они. Г1исх1акъ, дун нужее я лъимер, я х1айван гуро. Г1иявехь камун вук1ана кинабго т1убазе. Нужер унгоги бет1ер сверун бихьула.
-Йо! Дуца бицунеб щиб? Дица кьола дур жаваб. Дур капризал дида лъалел жал гуро. Г1ела, г1езег1ан ралъдалъ чуг1а кинги йиччан тун йик1ана.
-Бит1араб. Бегьулебани ведроялъуй т1амун турун хвезайилаан нужеца дун. Т1ок1аб абизе жо гьеч1еб батани мун ине бегьила. Дир замана гьеч1о нужгун цадахъ гьаглъизе. Аллагьасе рец, жеги нужехъ кезе теч1ого дунго ва лъимал якьад-вакьадас т1уран ругел.
-Уйищха, - ян ццидал ц1ун бералгун нахъеги бичан стенкаялда цее эхетун йик1арай Халидал гьурмалъ бана.
Сапият рокъой гьеч1еблъи дир талих1.
Гьединищха мун к1удияв вацасда гаргадулей? – ан инсудаго г1адин т1ураби рач1ун нахъеги бичан гьурмалъ бараб гьесул хъатица къеда реч1изаюна Халида, – т1оянго квердаса ун йиго. Матушка киниги гаргардилей вацасда. Адаб х1урмат кисаха дуда лъалеб.
Г1асилъи бач1ун паласалда т1ийит1арай яц малаца ч1вазе лъугьана гьев.
Кидалиго инсул  рокъой чехь ц1унизеян бохдул нилъоялда гъоркье рак1арун, гьумер хъатаз бахчана гьелъ.
Заман балелдего т1аде щвана къват1ир  паркалде тира-сверизе ун рук1арал Сапият ва Гуля лъималгун.
-Вуй, - ян хвана кинабго, гьаб щиб? – ан Г1исх1акъиде иргадал хурхана  т1аде щварал ручаби, кодор рук1арал лъималазулги ч1иргъи-хъу1 бахъана эбел юхулей йихьигун.
Ручабазул ах1иялъ «вигьарав» Г1исх1акъ реч1изабун нуц1агун ана.
Диваналда Халидаги ячун лъимал г1одоре руссинаризе лъугьана Сапият.
-Гъов щив? – ан аск1ой к1усана  Гуля.
-К1удияв вац.
-Вац?! Ц1унаги. Дудаса къвариг1араб щиб?
-Г1иявехьасе дир раг1и кьунин абизе вач1ун вук1ана.
-Вуй, – хъатал данде къабана Халидаца абураб раг1арай Сапиятица. – Рак1алде щун йиго.
-Хехго Мух1амадида хабар гьабизе кола. Раг1араб жойищ. Бихьея дун цо лъимал кьижизаризе инин, рак1 бихана гьит1иназул. – ан цере-цере гьарун лъималгун ана Гулягун тун гьейгун.
Нуц1а къан бахъиналде к1алъана Гуля:
-Щиб гьабизе рак1алда бугеб? Гьанже ч1ег1ер рат1лица мун ц1унилилан коларо. Лъабго сон ана. Гьеб бич1игун дур рокъоселги т1аделъизе руго. Ихтияр гьезухъ буго. Мух1амад-аци иш ишалде кани к1алъазе бак1  бугев г1адан гурелъул. Рос хварай яги ят1алъарай г1аданалъул ихтияр инсухъ яги вацазухъ бук1унелъул нилъер.
-Юц1а, Гуля. Дида щибго лъаларо. Лъабго лъимаде т1аде ине кани. Аллагьасул цим бахъун батила дида.
-Вай, рак1алда гьеч1еб балагь буго гьеб. Вадим кида вач1ине колев? – ан гьудулалъул бадий ялагьун ч1ана Гуля.
-Гьесда щибниги гьединаб жо лъаларо. Бич1улищ. Хвего лъик1 дир хъизам-къай гьесда лъазег1ан.
-Халида! Му…
-Мухтар мадугьал вук1ана, гьесда щибго бицине кеч1о. Бич1улищ? Вадимида щий дунаяли бицине дида киданиги к1оларо.
-Гьагаб ч1ух1иялъ дурго г1умроялда къоно ч1вайищха лъик1аб бугеб? Лъималазул ургъел щай гьабулареб. Дица телеграмма бит1ила гьесухъе.
-Воре. Гьес т1убазе жо гьеч1о.  К1иго моц1идасан вач1инин вук1арав чияс гьале анлъго моц1 балеб.
-Анкьие лъабго нухалъ к1алъала гури гьев гьаниве.
-Бечедав чиясул каприз батани.
-Хирияв аллагь. Цо-цо дида мун т1оянго йич1уларо. Гьедин бугони лъимазул рукъ ц1езабун г1ачи реч1улей гъутада йик1ине аха. Гьениб школаги баларищха дуе вацас – мун х1алт1ич1ого теларилан. Чан къойидаса дуцаго дуего ахир балагьулеблъи бихьилин. Дун ина, – ян цидахун т1аде яхъана Гуля. – Лъимал, дур лъимал г1ухьби гьаруни лъик1аб бук1ина мунагьал чурадие…
-Гуля! Г1айиб гьабуге. Тоге дунго, гьарула. Х1амидида салам бице. Нужер бищун бахилъараб замана бугин…
-Астовпирулагь, - ан ях1 гьабун бажарич1ого к1арун елъана т1ад юссунаго гьей. – Дуда цидахине бажарулеб жо гуро дихъа.  Метер дун яч1инег1ан ургъун йихье, гурони ахирисеб стипендия курсалдасаго бак1арун Миланалде к1алъазе буго. Гьедула, гьанжесала мун гьагаб гали базе йичани дир г1умро диего г1азаблъун лъугьина. Гьеб гуребги, лъимал кьижизарун яч1арайго Сапиятица абуралухъги г1инт1аме, - гьудулада убаги гьабун Х1амид вач1ине дагьаб замана хут1улеб бугинан Гуля общежитиялде щвезе г1едег1ана.
-Къо мех лъик1.
Гьей йит1арай йиго, амма дунги…пайда щибхаян угьун х1ухьелги бичан к1овухъе т1аде яхъун лъималазул рокъое йилъана гьей:
-Дуца щибилан абилеб Сапият-ада? Пуланал кьижун кун рихьула.
-Гьуя, гъапулъун  дун…, - ян макьихун карай Сапият к1утун т1аде яхъана. – Йилъа богорокъое, цо кофениги гьекъезе…
-К1варич1о дун гьадинго жаний лъугьун йик1ана, цодагьалъ х1ухьбахъе. Гьадинги цо минуталъ х1алхьи щолеб гьеч1ин дуе, – ян жуяна намуслъарай Халида.
-Макьу т1урана, йилъа.
Гьабизе жо гьеч1илан иргадал васаздаги баун къват1ие йилъана богорокъое уней Сапиятида хаду-хадуй.
-Чай, гьекъелищ?
-Баркала.
Минуталда гьалдолел чаялъул ва кофеялъул чашкабиги стоалда лъун мух1канго г1одой ч1ана гьей:
-Гьоркьой лъугьине дир иш гуро. Бугониги йихьулаго борхьил к1алдий к1анц1изе мун тезе дида  к1оларо. Дуда бич1илин кола щаяли. Г1исх1акъица гьанже дуе х1алхьи толаро. Гьев нилъер г1адаталда рекъон вит1арав вуго. Лъабго сон ана Дида чанги лъала к1икъого къо базег1ан теч1ого рос хварал ручаби хадур ругез цогидасул бусада лъураб мехал. Г1умро бат1и-бат1ияб кьералъул буго. Дуе лъик1 бук1инаан дуца дурго т1алаб гьабуни. Дун к1алъала Мух1амадида, гьев дуниял бихьарав г1акъилав г1адан вуго. Дида лъалеб бак1алдаса Рафикица «ц1унилаан» мун. Бецлъулей йик1аниги гъосие мун йокьулейлъи дида якъин бихьула. Лъимал гьит1инго ругог1ан эмен вати лъик1 бук1уна дуе, гьезие, ц1ияв инсуе. Бич1улищ?
-Гуляги йиго гьединго.
-Г1ажаиблъи гьеч1о. Гьелъулги рак1 унтун буго дуда хадуб. Рак1алда бугищ дуца дида бицараб макьу. Мухтарица жиндирго хьитал дуда кадосаги росун чияр чиясул духъе кье. Гьелъул маг1на цо буго, разилъи мун росасе ине. Хоб нуралъул ц1ун батаги мунагьал чурадил, гъосие кутакалъ хирияй йик1ана мун. Дур талих1алъул ургъалида, лъималазул ургъалида ватула гьанжеги. Нужер г1адаб рокьи, дир яс, нусго сонида цо нухалъ бук1унеб батила. Къокъаб бук1иналда г1ажаиблъи гьеч1о. Кидаго гьедин бук1уна.
-Ада, мунги рокьиги кун гурейищ Х1ажие ун   йик1арай?
-Вуй, дудаг1аги киса лъалеб? Кинаб рокьи! Данделъун хадур рокьана цо-цае. Х1алимав чи вук1ана мунагьал чурад, - ан ян маг1у бац1ана Сапиятица, – рак1алдаса унаро, цо сордоялъ гьес дида йокьулин абураб куц. Моц1рол канлъул рукъ ц1ун бук1иналъ лъаларо, къочизеги къочун вуго шурулев «жиндие мун йокьулин, жакъаялдаса хадуй»…Щаялиго дида елъизе бач1ана, амма ях1 гьабун бажарана. Данделъун лъаг1ел т1убалеб мех. Дир  юц1ух1и халалъигун вуго абулев «нагагь жив дуе вокьани дуе- бахчич1ого абеян». Хирияв аллагь, гьеб мехалъ вокьун кана дие Х1ажи. «Вокьулаян» шуригун лъимер киниги рак1 холев вуго, валъаргъулев щибизеян. Х1алица божизавуна, мунагьал чурадил вохи бихьич1ого. Рогьун ана сордо рокьул накъиталда. Лъик1ав чи вук1ана мунагьал чурад. Аллагь насру кьеч1о: къисмат батила. Якьад йик1ана ч1амуч1ай г1адан. Ана кинабго, ана сонал, - ан гьимулаго хьухьулеб шарфалдаса бет1ер борхана Сапиятица.
-Щибасул бат1а-бат1аго бук1унеб бихьула рокьи. Дида кола Гулялги гьедин бук1инин. Лъик1ав вас вуго Х1амид, цодагьав нечарав гьеч1евани.
-Т1оцере нечон  рук1уна. Моц1ниги бана нижеца берцинго цо-цахъ балагьизе к1оларого. Намуслъулаан, Х1ажигун цох1о рокъой хут1ани гьабураб т1ад юссун гьабизе жуялаан, гьес раг1и абуни къойи нусго нухалъ х1ат1икъ бак1арулаан рух1, чан ц1а-раг1 бекараб, киг1ан гъуд-г1уч1 жваргъелеб бук1араб соролел кверазукъ…бук1араб замана, - лъалаго роц1ун ана Сапиятил гьумер, цодагьалъ    т1аг1ана гьумералдаса рук1алаби, - ч1ужуг1аданалъ т1ок1аб талих1аб замана бук1унеб батиларо, эбелъун яхъи гурони.
-Божула. Дидаги колан васал гьеч1елани т1ок1аб дунивалалда бухьен т1ун хут1илилан Мухтар хваралдаса. Мунагьал чурад данде ч1вач1елани ва гьесул эбел-эмен дихъ рак1 унтун рук1инч1елани нек1ого цо гъутада г1ачи реч1ч1улей  ятилаан. Бицинч1ониги, дуда лъалелъул.
-Къог1лъи камураб къисмат бук1унеб батиларо. Гьеб лъаниги г1оларо, дир яс, бич1изе кола, гурони Мирзал бусада ятизе йиго мун дудаго. Аллагьас чанги квербакъи гьабун буго дуе, амма кидаго лъица-лъицаниги дур г1умроялъул ишал т1аде росун т1убаларо, цо-цо дуца раг1и абизе колеб ва гьеб билъинабизе колеб бак1 бук1уна. Хинк1 камун ч1агояв чи хут1уларо, амма дур васал трактористал рахъизе рижарал гурелъул.
-Дида щибго бич1улареб киниги йиго ада мун.
-Васазе квер ч1вазе, къвариг1араб ч1езабизе ватулев саламатав эмен вук1ине кола.
Аллагь, адаца Вадимил х1акъалъалъ бич1изабулеб мехищ гьаб? Гуляца бицундай? Рес гьеч1о, гьелъ раг1и кьуна.
-Халида, щибниги дида абизе батани, замана щун буго… – гъоркьанго х1ал хисулей Халидахъ ялагьун йик1ана Сапият. – Метер-сезе Мух1амадихъе яхъине хиял буго дир. Дур лъималги хьихьизе, дуе эбелъиги гьабизе йит1арай йиго дун. Рак1 бух1иларедухъ гьабе.
-Дида лъаларо.
-Гулягинищха дица данде  балеб?
-Вай, г1едег1уге, - ян т1оянго х1инкъана адал суалаздаса.
-Рафик гуроха гьев.
-К1иго лъималгун Рафикил г1олохъанлъи хвезабизе киг1ан  г1асияй г1адан дун йик1ине колей.
-Анц1го дур гьел ругониги йокьула гъосие мун, гьеб г1ила гуро. Цоги бихьинчи ватила…
-Ада! Гъосул эбелалъ щокърор кверал рала дида.
-Батиларо гъарин! Гьелъие камураб жо щиб?
-Жиндирго васас принцесса гурони ячунарейин йик1уна гьей.
-Пакъир, г1айиб гурищ, лъик1ав вас вуго. Эбелалъ талих1 къач1ани гьесул.
-Абизе эбелалъул раг1и г1индахъ бичаларо гьес, бугониги эбел лъидалха.
-Гьев чи маг1арулавищ?
-Бич1ич1о, - рак1алдаго гьеч1елдаса чай т1езе йортана Халида.
-Дур вук1инесев чи.
-Лъаларо, - ян ц1а реч1араб гьумер бахчулаго полкаялда чашкаби доре-гьанир лъезе жуяна Халида.
Сапият хьухьулебги босун къват1ие йилъана. Якъин цояв вук1и. Институтлдаса ватила, т1ок1ай гьей иней бак1 гьеч1елъул.
Т1оцее рос-рукъалъул бицуней киниги Халидал х1инкъи, нечей. Яц1алъи – аллагьасул сайигъат. Гулягун к1алъазе келаха. Мухтар г1адав ватич1они Мирзаниги ватиларо гури…

…Унгоги суббота-воскресениялда Кизляралде ун яч1ана Сапият. Киг1ан гьараниги Халидаца Мух1амад-ацида яги Клара-бажуда щибг1аги бицунгеян Сапиятица г1адахъ босич1о:
-Дуца дудаго нарт т1олей йик1ин бич1улеб гьеч1оха дуда.
Т1ад юссигун ч1езе бак1 т1аг1ун лъалаго якъван гьит1инлъарай Халида добго богорокъой столалда нахъа г1одой ч1езаюна гьелъ.
-Киназулго салам дуде. Унта-щокъал гьеч1о, аллагьасе рец. Г1одой юсса, гьебго х1алалъ дуего г1акъуба гьабизе караб жо гьеч1о. Мирза кодове щвеч1о. Дур эбелгун к1алъайгун  я «уян» я «гуроян» гьелъ ч1ван къот1изабич1о. Г1исх1акъил х1алт1и батилин тана. Кларада бицингун г1одой-т1аде к1анц1изе лъугьана, гьел г1алхулазухъе дур ихтияр, талих1 бичаларин.
-Ада! Дуца гьабураб щиб? Гьанже ракь бихъун жаний т1аг1инго лъик1 дие. Киг1ан дица гьарараб…
-Юц1ц1а! Дида лъала гьабулеб жо. Гуляца дагьа-макъабго чучана дур балъгояб къуч1а. Гьединав саламатав чи вук1аго Мирзабазе унаро г1адамал.
-Бич1улеб кин, дие рос къвариг1ун гьеч1о. Мухтар сон хварав киниги жеги дунгун вуго. Гуляда лъалеб щиб, - ан синкьиялда рак1 бекун г1одана Халида
-Г1ела. Лъик1 гьабулейин йик1ана. Жакъа бицинч1они, - ян гурх1ун столалда ч1вараб гьелъул бот1рода квер бахъана Сапиятица, - метерг1аги Кларада бицинч1ого т1убаларо.  Бич1улищ. Жидерго бер къанщизег1ан лъималги мунги т1уран рук1ани берал х1алхьиялда къанщилилин жинцаян абуна Клараца. Мух1амадидаги гьеб бич1ула. Г1умроялъ жиндирго гьабич1ого толарелъул. Кидаго гьанир рук1унареблъи лъала гьездаги.
-М-мун ц1акъго г1едег1ун йиго. Гьезул лъик1лъи, гьезул хинк1ги кванан, рокъой йик1ун адаб гьеч1еб, инжитлъи буго гьезда цебе росасул хабарго бици. Баркала гьеч1ейлъун кезаюн йиго дуца дун. Дида рег1унищ гьел ругел, къойил васасул хабада маг1у чвахулел г1адамал.
-Замана гьеч1о, Халида. Клараца абуна жиндир лъай-хъвай дурго г1аданги гьабизе нечон-къан ч1еч1ого яч1аян абеян дуда. К1иго-лъабго къойидаса рач1ина гьел гьанире. Мун ругьунлъун йиго кинабго мун хирияй, йокьулей г1адамаз т1аде босун. Мун бат1ияб рук1а-рахъиналъул г1адан йиго.
-Вабабай, ц1акъ г1едег1ун йиго. Гьанже гьезда цее квезе гьумер гьеч1ого дида. Мух1амад-ацица лъималаздаса ят1а гьайич1они. Щай дун г1адамаз толарей, щай? Кинав рос: гьадинал лъик1ал росасул эбел-эменги тун, чияр рокъоре лъималги рачун. Дун хъваларей г1адин, дидаги хъвач1ого ч1олелани г1адамал. Ц1а рек1анагури гьанже дир ракъалдаян  1езе бак1 щоларого квартира тирана сордо рогьинег1ан Халидаца.
Цощинаб унгоги жий мекъи канадаян вас-васдилаго какикь жоялда т1обит1ана сордо Сапиятицаги.
Эбелалъ х1инкъун ятила хехго Г1исх1акъида Сапият яч1ун йик1анин бицараб. Нахъисеб къоялъ институталдаса рокъой щведал кванил ц1ураб столалда хадур г1одор ч1ун сих1къот1иялда Сапият, Мирза ва гьесул эбел ратана Халидада. Бах1аралда бер  ч1вайгун кьер т1ун, к1ал-мац1 къот1ун лъугьана Мирза. Гьесда кинабго бич1ана. Ах1макъан жиндаго абуна. Столалда гъоркье вахчине хиял бук1ана гьесул.
Тириго т1аде яхъун ц1оро-гъорорай, хаган гьезухъ ялагьун хут1арай Халидада рукъ ц1ураб кверлъин ч1вана гьесул эбелалъ:
-Ва, дир яс. Йихьич1ого бук1арабщинаб замана. Гарал киниги лъималги руго…
Гьале доб, гьанже хвана кинабго к1алъазе к1ал рагьун бажарич1о Халидахъа.
Руц1инарун к1ут1бигун «дица абич1ищ» хьухьулеб жоги т1ок1аб жо дунивалалда гьеч1еб киниги ч1ун Сапиятги йик1ана.
Халида цебе батараб нуц1ихъа жаний т1урана ва цо х1алалъ ц1ан бахъун полалда кверлъинги рехана  чуруклъи киниги.
Х1алалъ рагьун нуц1агун жанив лъугьун вач1ана Мирза. Рукъ бакьулъ мискинго т1ибит1араб кверлъин кодобе босана:
-Гьалда г1айиб щиб? – ан Халидал бадив валагьана гьев. – Х1инкъуге. Г1исх1акъица гъоркье рехана дун. Абуге щибго – дида гьадинги лъала. Г1одой ч1а, гьабсаг1ат шапун иней х1ал буго дур. Унго дур вацасул бет1ер сверун батила, гьесда цадахъ дирги. Дида мун  лъалареанлъул, яцазда релъен-хъвайго гьеч1о дур! Халида, дун г1иявехь вуго, мун мун йиго. Нилъер нухал бат1а-бат1иял рук1ине кола дида бич1улеб бак1алдаса.
Гурх1араб х1ал бугоан гьесда.
-Гьанив г1одов ч1а.
-Г1айиб гьабуге, лъазабич1ого рач1аралъухъ, - ан х1инкъадго г1адин балагьана гьев Халидахъ.
-Мун  Мирза ватила?
-У.
-Дида лъач1о – нилъ цоцада рихьун  рук1аралищ цере?
Мирза щиб абилебали лъаларого паласалъул сураталъухъ валагьун вук1ана.
-Мирза, Г1исх1акъица абураб бит1араб жойищ? Яги дун х1инкъизайизе хиялищ нужер…
-Бит1араб…Дида лъалароан мун гьединай йик1и…
-Кинай?
-Гьайбатай…дур яцазда пархенцин гьеч1о. Т1ассалъугьа.
-Гьеб дидаса инкарищ?
-Дуе гьеб раг1изе бокьун батилилан кола, - ян шурана бет1ер борхизе къуват г1оларого.
-Баркала. Г1исх1акъида дир пикру ц1ехезе рак1алде цин кун гьеч1о. Баркала, дуе Мирза.
-Гьев беццав вугев къаг1ида дунги мунги данде гьаризе. Унго гьес гъоркье рехана дун.
-Ч1ужугун рекъоларев щай? Мекъи бич1уге, гьарула. Гьеб дир иш гурелъул.
-К1оларо. Цевеса цеве инго лъик1 лъималгун гьей т1ад юссинайиялдаса. Дун унгоги божун вук1ана гьанжесалниги талих1 вук1инилан. К1удиял лъимал Халида-баба яч1инег1ан рукъ ц1вакинабулел руго ахирал къояз…
-Мирза! Г1асилъи щиб? Лъималазда гьединал жал рицунел лъица?! Хирияв аллагь.
-Лъимал зигарун гурони ч1ужу  ячине хиял бук1инч1о дир, г1ажаибго гьанжесал киналго т1аделъана ячеян. Гьезие киназего г1адин эбел йик1ине бокьун йиго. Гьеб буго рек1елъ къан…
-Жидерго эбел рак1алде щун ратула гьел.
-Йохъ. Гьелъул хинлъи щиб жояли кидаго лъач1о пакъиразда. Лъабго сон буго гьабураб лъимерги дир рокъоб щвезабун  росасе аралдаса. Цо рихьизе цин яч1инч1о, рак1 махулг1аги батила, дица гьелъул ч1варав г1адан дида лъаларин.
-Аллагь. Гьанже гьабизе колеб щиб? – ан рак1   унтун борч1ана Халидахъа.
-Гьабизе жо гьеч1о. Бицине коларооан. Малъ къосун буго дир. Кинабго къварилъи дуца цебе гьурщун ана. Г1айиб гьабуге,  – ан бак1го т1аде вахъана Мирза.
Къеда ч1ван эхетахъего раг1ун раг1иларедухъ шурана Халидаца.
-Эбелалда щиб абизе бугеб?
-Щиб бук1аниги абила. Унго «дир» бах1аралъул гьайбалъи, макьилъ цин мун г1адинал рихьулароан       дида. Къо мех лъик1 дуе, – ян нуц1иде гали гьабуна, амма щаялиго танхъана. – Г1исх1акъида дурго г1умро бекинабизе бичаге. Раг1улищ?
Шишида хадуб Г1исх1акъидаги боржун хъизан гьабулев дун  т1оцебесалъул ахирги бихьараб мехалъ. Цо-цоясе г1акълу саназдасаги щоларо. Гьезул цояв вугев къаг1ида дун.
Щуго минуталдаса Сапиятица нухда рег1ана г1едег1ун рахъун ине лъугьарал гьалбал ва рак1-рак1алъ нух бит1агиян нуц1а щула гьабуна.
-Вуй! Анагури гьел. Пат1иматида г1адалъ т1ил къабураб х1ал бук1анагури. Щиб Мирзаца абураб? Бихьараб гуро, раг1араб гуро, – ян ах1ун к1алъазе жуяна колидоралъуйго Сапият. – Халида, ч1аго  ятани къват1ие яч1унарей кинай? – ан нуц1а къирун бет1ер бакана жанибе гьелъ.
-Подъездалдаго ах1и базе келаро, жаний яч1а, – ян креслоялда далараб кверлъин нахъе гьабуна г1одой ч1ана гьимулаго Халида.
-Вуй, щиб караб?
-Мирзада кинабго бич1ана.
-Машаалла, вихьахъегоха дие гьев рек1ее г1урав.
-Ялъаргъунейищ?
-Киса. Бихьинчи гьединав вук1ине кола.
-Лъаларо…
-Дида мун йич1уларо жакъа. Цощинал гьел унин рак1 бакъван цин гурищ, яги…Гьанже дур регьен биханаха. Уйищ?
-Дида щиб гьабилебали лъаларо. Лъимал раг1ула Халида-баба яч1инег1ан ралагьун ч1ун. Бич1улищ?
- Щибго жо уйин кола дуда.
-Гьеб бит1араб. Мирза вук1ун вуго росги хварай к1иго лъимадул эбел, Ах1мадил яс инкар гьеч1ого яч1инилан…
-Буго дулъ цо аллагьасе бокьулеб хирияб г1амал – бихьулищ кинабго рекъезабураб куц.
-Бач1араб бигьалъи. Т1убараб гьир ана, - ян ахирал къояз т1оцее рохи кунч1ана гьелъул бадиб, - г1айиб гурищ  Клара-бажул г1адада х1алхьи хвезабураб нилъеца.
-Щиб лъалеб: квешлъи гьеч1еб  лъик1лъи бук1унарин абуларищха.
-Дур  чиясда абун бук1арабищ?
-Ада! Ц1и гьабуге. Гьев гьанив киса вук1унев Италиялда вугев г1адан, - ан рак1алдаго гьеч1о борч1ун ана Халидахъа.
-Г1олохъанлъи, гьеч1ила жиндир рек1елав.
-Аллагьасе г1оло. Дир рек1елав гуро гьев, гьарула, абуге гьединал раг1аби. Мун гурищ йик1арай дир балъголъялъул къвач1а Гуляца рагьанин.
-Дагьабго жо, - чалухго гьимана хералъул берал.
-Щиб гьелъ дуда бицараб?
-Гьесул  берцинлъиялъул ва бечелъиялъул гурони т1ок1аб жоялде рег1ич1о гьей.
-Г1ураб жо бицун бихьула. Унгоги гьединав вуго Вадим, амма дир гьесухъ щибг1аги рак1 ц1ай гьеч1о. Гьеб гуребги, бечедав чиясул каприз бук1инеги бегьула гьеб. Мун екерун ун Кларал рак1 лъукъине г1едегун йиго. Гьел ч1аго рук1аго принц вач1аниги дун росасе инаро.
-Дур бит1араб батила. Гьезул адаб-хъатир гьабе ва ц1уни дурабго ц1уни кола, г1ун тун васаз ч1ух1ила дур яц1алъиялдаса, дир яс, – ан Халидал гъажалда кверги лъун богорокъое лъугьун ана Сапият.
-Жакъа лъимал рачине дун ина, - ян хадуб абуна Халидаца.
Унгоги бач1араб бигьалъиго щиб. Вач1аравго документал, к1улалги т1ад руссинарила – лъуг1ана хабар. Щибизе гьаб бет1ер унти. Щибго камич1ого алжаналда киниги лъималги дунги хьихьарай г1еч1ого гьезул бидулъ рец1унел ругел рак1азда ц1амги щван росасе ине кани. Киданиги. Яч1арайго Клара-бажудаги гьедин гьабила. Гьез гьаюна дир г1адан, гьаюрай киниги г1адан г1адин гьезда аск1ойги хьвадила.
Яхъун т1адегун Стивил диск лъуна магнитафоналда. Лазат. Г1умро гьедиг1ан квешаб жо гьеч1ин кола цо-цо къисматалъ габуралда килщал къач1они.
Телефоналъул звергъолеб гьаракь бахъун аск1ое йилъана Халида.
-Г1инт1амун буго, - ян свинабуна магнитафон, - Мун киса?… кида вач1арав? Декабралъул ахиралда вач1инин вук1индал… баркала. Жакъа бажаруларо…бажаруларо, тана, – ян цуна кнопкаялда, амма трубка лъун бахъинег1анго нахъойги бахъана гьелъул гьаракь, - алло…дир заман гьеч1о…минутаги гьеч1о…караб гьеч1о, т1ассалъугьа нерваби хун ругин кола цодагьал, - ан нахъойги т1обанго телефонго къана Халидаца.
Щивго вихьизе хиял гьеч1о. Вадимцин. Пакъир Мирзада хадуб ана бахъун гьелъул гурх1ел: унгоги кутакалда г1аданлъи бугев чи вук1ун вуго…г1айиб гурищ, пакъирал гьесул лъимал, цощинаб рокъоб гьезда махсародецин бицун бук1анадай… гурх1изе гурони хабарго гьеч1ин раг1улеб.
Ана рогьун сордо. Чанги бокьуларого яхъана радал т1аде. Къойица  лъималгун йик1ине рес, буго. Сапият богорокъой квал квалдилей йигоан.
-Мама, - ян данде  векерун вач1ана Изамчик, хадувго цояв бохда хурхана Мухтарчикги. – Ма, нилъ жакъа тиризе рилъунагури.
-Гьабсаг1ат хириял, - иргадал баана васазда, - Цин кванала, цинги рет1елги рет1ун рилъина. Ралъдахъе. Жакъа ихдал киниги  хинго буго.
Яч1ун Сапиятица ан гьит1инал кванаялд цере берк1ал- кверал чуризе ванна-рокъоре рачун. Жиндиего  рак1а-рахари гьабизе жуяна Халидаги. Кин ругониги саг1ат анц1го т1убайгун базаралде Сапият ва лъималгун паркалде Халида рокъоса къват1ире рахъана.
-Нагагь Гуля яч1ани ниж паркалда гъоркь ралъдал раг1алда анин абе.
-Лъик1, дица замана баларо базаралда, г1емераб жо бачизе к1оларелъул. Гуля бертаде х1адурлъулей ятила.
-Уха. Кверал гьарея адае!
Кида эбел лъуг1илаян хабаралдасаян ях1 гьабун рук1арал гьит1иназ  команда кьурал солдатал киниги рорхун  кверал гьаруна Сапият- адае.
-Изам, дур квербац1 кибе бугеб?
-Ма, гьале дир бац1адго буго, – ян аск1ой эбел щвезег1ан танхъана Мухтар
-Молодец. Изам! Дураб бихьулеб гьеч1о дида.
-Мама, гьеч1о чвантиниб…
-Ма, дица кьела гьесухъе, рилъа ралъдахъе.
Мухтарица ругьунго эбелалъул квер куна. Изам цеве-цеве векерахъдилаго унеб г1адат бук1ана.
-Изам. Векеруге! Машина!
-Изам, мамал квер кве, – ян к1алъана вацасда Мухтар. – Кидаго вук1уна к1анц1елев.
-Чайкаби рокъоре инадай, мама, рач1а жакъаниги гьел рокъоре рачине, болконалда тела, а, мама – ян жувана чаналиго минуталъ х1алхьиялда ч1арав Изам.
-Чайкаби ралъдалъ гурони балконазда хола, гьезие кидаго лъим къвариг1уна, нужее ракь г1адин. Бокьун ратани дица нужее попугаял росила.
-Ма,- ян к1алъана г1инт1амун вук1арав Мухтар, – мультикалда г1адин?
-У.
-Рилъа, росизе, - ян рек1ана Изам.
-Чайкаби кваназарич1огойищха телел, – ан гьимана лъималазе чалухго Халида.
-Ма, папа вук1аравани нилъеда цадахъ, – ан къойил  хабар гьабулаан Мухтарица, г1еч1елъуб Изамиеги бицун батулаан инсул «х1акъалъулъ» жиндаго лъалеб щинаб…
Эбелада «ма» абулеб г1адатги цин буго мунагьал чурадил киниги.
Чаналиго нухги къот1ун  паркалда цере щолелъул цо аск1оса инеб машиналъув вук1арав г1адан Вадимил пархен бугин кана Халидада. Унгоги хъир-хъириялда ч1езабун  машинагун  паркалда  т1ирит1ун унел лъималазда хадуй ах1делей йигей Халидада  аск1ов щвана гьев. Воскресениялда паркалда инч1ого лъималгун Халида хваниги ч1олареблъи лъалаан гьесда. Гьале жакъаги…
-Халида.
Нахъаса вач1унев г1адатго щибан лъалаго турк1ун яч1ана гьаракь лъалаго гьей.
-Йорч1ами, Халида, - ян вач1инахъего к1аркъада баана гьес.
Миланалда ругьунабго жо батилаха гьеб, гьаниб Дагъистаналда гула щвезеги бегьула гьединаб убаялда хадуб.
-Папа вач1ун вуго! Мухтар, папа гьале, – ян циндаго ах1и бахъана эбелалда баарав г1олохъанчи  эмен вач1ун вугилан кун Изам!
Халида ц1орогъорон цин Вадимихъ, цин Изамихъ ялагьун хут1ана
-Салам, – ан квер кьуна секундалда аск1ор рач1ун жиндихъго балагьун ч1арал васазухъ Вадимица.
Гьесда «папа»ян абулеб раг1и бич1ана, хут1араб Халидал х1алалъги бицунеб бук1ана.
Мухтар квер бачунаго гъоркьан балагьана  эбелалда аск1ов эхетарав чиясухъ, цинги эбелалъул вуссун абуна:
-Мама, гьав папайщ?
Халида йихун Вадимихъ ялагьана, гьевги цо щибалиго бич1арав кинги цодагьав вихун вугоан.
-Папа, - ян гьимана гьев Изам кодове вачунаго.
Халидаца раг1и абизег1ан цояб квералъ санаг1ат гьабун Мухтарги вачана.
-Мама! Папа вач1ун, - ан талих1го Вадимил гарбида жемана Изамица кверал,  - папа, папа – ян шурулаго.
Мухтарица жиндирго к1еркьен Вадимилалда лъухьана жиндирго къаг1идаялъ мух1канго  бадив валагьулаго.
Бадиб хулараб маг1уялъ сур-суриялда рихьулел рук1ан Халидада Вадим ва лъимал:
-Вадим, гьанже щиб гьабилеб? Гьезда кин бич1изабилеб мун папа гуревлъи?
Вадим гьарзаго гьимана:
-Щибго гьабизе коларо. Дун вуго папа. Васал гьанже дир руго. Гьит1инал, - ан х1еренго баун машиналъуре рачана лъимал.
-Мама! Йилъа, - ян ч1овухъего йигей Халидаде ах1ана Мухтарица эбел эхетахъего ч1ун йик1ин йихьигун.
Лъималги нахъисеб сидениялда лъун гьев Халидада аск1ов вилъана.
-Гьанжегниги божулищ нилъ цо-цое рижарал рук1иналда. Божулищ, йокьулей?
-Дида к1оларо  гьел махсароде квезе.
-Махсароде? Г1уралго гьез жинцаго гьабила гьелъул т1алаб. Васазе «папа» къвариг1ун вуго. Гьеб дихъа бажарилин кола. Божа, Халида. Гьел дир рук1ине бегьулаан…дирго тамахлъиялъ…Киг1ан дун гьез жакъа талих1 гьавурав. Папа! Дун папа! Вач1инахъего к1иго васасул папа. Разилъе, хирияй. Эдем ч1алг1ун буго х1еренай хозяйкаялъухъ, лъималазул ах1и-х1ураялухъ.
Халида юц1ух1ун машиналъухъе йилъана
-Мамочка! Папал машина! – ан нахъисеб сидениялда к1анц1олел ругоан гьел.
-Мухтар! Нуж щибулел? Хехго г1одоре ч1а.
Аллагь, гьал лъабалго талих1 ругел куц цоцадаса. Дие г1оларого бугеб щиб гьадин йик1ине… вай, гьале кинабго к1очон тезе бахъана!
Мороженоеги босун вач1ана Вадим:
-Г1олилал, гьале нужее рак1 гъеялъе, – ян цо-цо пломбир бегьана жив вихьигун данде руссун бадир къан бералгун ч1арал васазе.
Гьал дир рук1инеги бегьулаан. Гьал дир руго.
-Халида, ма дуеги, - ян ц1акъ аск1овг1ан эхетун ч1ана Вадим кодоб кун мороженоялъул брикетгун.
-Вадим, гьезие бегьулароан, – ан сородилеб квералъ босана кодобе мороженое. – Баркала, дуего гьеч1ебищ?
Циндаго лъималазул хъуй къот1иналъул эс гьабуна жалго гурони к1очон тарал гьезда ва цадахъго машиналъухъе ралагьана – васал к1очон тун мороженоегун гьезухъ ралагьун ругоан. Халидал бадиса кун бук1араб маг1у  мухъал гьарун чвахун ана. Машиналда жанив лъугьун Вадимица к1иялго накабазде рачана:
-Ле, биунеб буго!
-Мама, яч1а папада аск1ой. Цадахъ рук1ине. Папае мунги йокьула, – ян ч1ир-ч1ирдана Изам.
Халида кьурун юссана, цинги аск1ой г1одой ч1ана киназдаго аск1ой. Унго жакъа щиб къо.
-Папа, – ян Вадимил гъеж ц1ана Мухтарица. – Мама, г1одилей йигей щай?
Вадимица Изамидаса гьелдехун квер ц1ана ва къвалакь кезаюна:
-Халида, бохизабе лъимазул рак1, гьарула, - ян шурана гъоркьа т1аде кенч1елей бералгун валагьун вугев Изамида баулаго Вадимица цо жо гьит1инас гьарулеб  бук1ин бич1ун. – Г1аиб гурищ дида маг1арул мац1 лъалареб, васаз бицунеб бич1ине. «Папа», «Мама» аслияб бич1улеб бугин кола дида – хут1араб лъазе гьанже гьалщинал маг1арулалгун вугеб мехалъ лъалеб батила.
Халида жеги берцинго йигьун йик1инч1о.
Вадимица квералъ санаг1ат гьабун эбелалъул  бадиса чвахун инеб маг1у бац1улеб бихьигун Изамица бахъун квербац1 кьуна.
-Папа, ма.
Гьесухъ радал квербац1 бук1инч1огури, Мухтарица къазабун батула, киналъулго х1исаб гьабула гьес.
-Баркала, гьит1ин, – ан васасдаги абун Халидал г1инда къулун шурана:
-Абадиялъго анищ гьадин рук1ине?
Гьей баг1арлъун яхъана.
-Папа, чайкаби кваназаризе рилъунарищ?
-Чайка?
Халидаца ралъдахъе вилъаян  лъималазул мурад бич1изабуна. Гьениб лъималазул бук1араб хъуй, рохи. Вадимида рич1уларого  ц1ехолдулел. Халида толмачилъун кана Бицине гуреб жо бук1ун гьеч1о гьит1иназул папаго папаян гьесда. Садикалда каралъул, адал, к1удадал. Цо заманалъ цин лъималазухъ юссун цин Вадимихъ юссун  маг1арул раг1аби г1урусалде ва г1урусаб маг1арулалде буссинабулей хут1ана. Макьилъ ятила, чидар лъимал гьедин рокьулел ратиларо, х1ал лъазе теч1ого… живго янгъиз вук1иналъдай… бихьинчиясе ч1ужуг1адан унго –унго йокьулей йигони гьелъул лъималги рокьулин абуларищха. Вадим, кие к1анц1иеяли лъаларо дида. Гьединав дудаса инкар кин гьабилеб – гьабич1ого Мух1амадида ва Кларада хваниги росасул бицине к1оларо дида. Нагагь  данделъун тун хисани гьев гьездехун… Вай, лъаларо.
-Ма, папал пилотка гьеч1ищ?
Мухтарил рук1уна суалал. Рокъор инсул ругел суратал рак1алде щун ц1ехолев ватула. Цо лъималазда бер ч1вазег1анг1аги хут1ич1о…цоцада рихьизег1ан. Гьазда киг1ан Вадим инсуда пархен  бугевлъун вихьулев вугевали.
- Буго. Вадим, фуражка щайила дуда гьеч1еб?  Рокъоб столалда буго Мухтарил сурат  летчикасул формагун бахъараб.
-А, папахъа рокъоб хут1ун буго, – ян гьимана гьев Мухтариде вуссун. – Лъалищ, дирги буго гьединаб сурат. Цо заманалда парашютазул спорталда вук1ана дун. Лениградалда доб мехалъ киналго васал хьвадулаан гьенир.
-Унго?!
-Халида, йилъа  лъималгун рокъое. Лъималазда папал рукъ бихьизе коларищ?
-Г1едег1уге. Изам, Мухтар, гьале чед, кваназаре чайкаби, – ян ралъдал раг1алда машина танхъинабун бахъигун лъимал машиналъуса къват1ире рахъинаруна гьелъ.- Рик1ад унге  гьезда хадур. Мама ах1дезе т1амиларогури жакъаниги?
-Т1амиларо, – ян эбелалдаги баун векерун ана гьабулелъе  ва бицунелъе т1адагьав Изам.
Мухтар щаялиго эхетун ч1ун вук1ана.
-Мухтар, абизе жо бугищ? – ан васасухъе къулана х1алимго бадие ялагьулаго Халида.
-Ма, папа вилъунарищ? Гьесие чайкаби рокьуларел ратич1они дун инаро.
-Хирад, рокьула. Гьабсаг1ат рач1ина нижги. Лъик1ищ?
Балай   бук1унеб гьесул к1удив чиясул киниги.
-Мама! Карачел  бач1инеб, – ан вохуца холаго хаду – хадуб бач1инеб карачелалдаса т1урулаго ах1дезе жувана Изамчик.
Вацасул ихтилат Мухтарихъеги т1ибит1ана…
Халида васал рихьиледухъ г1одой ч1ана машиналъуй.
-Абе щиб бук1аниги, - ян жаний яч1арай Халидахъ х1еренго валагьун вач1ана Вадим.
-Г1ажаиблъи, дуда абизесеб релъен-хъвайго гьеч1елъул Мухтарил к1иязго цо к1алалъ папаян дуда абизе кани малъун т1амурал киниги.
-Талих1ав вуго гьедин кеялдаса. Гьанже цо дуда релъарай яцги анищ гьезие, - ян гьимулаго тамахго данде вач1ун к1ут1бузда баана Вадимица гьелъул. – Баркала буго гьит1иназе жакъа дие кумек гьабуралухъ, дида гьеб к1оченаро.
-Йихьизе гурин, йиччай. Цодагьаб замана кье дие, – ан абун хадуй х1инкъана Халида, кинабго ях1 тун буго дица.
-Ч1алг1ун вугев куц духъ. Бит1ахъе бице, васазе дун  вокьиларинищ мун х1инкъун  йик1арай? Яги…
-Гьединги, лъималазул рак1 бекараб жо кезе гурин х1инкъулаан. Гьез абуни папаян, - ан маг1у хулана нахъойги гьелъул бадиб.
-Дир гьит1ин, йокьулей, кинабго лъик1 бук1ине буго. Дун дуда божулев г1адин божа дида. Гьезда цо минуталъги дун бит1ияв эмен вук1ин кезе бичаларо. Ниж бихьиналлъидал кин щиб каниги, цоцада рич1илин кола.
-Хьул буго. Кват1изег1ан т1ад руссун лъик1, унго квал-квал гьабиларин к1удял чи г1адин рик1к1ад ч1ей гьезул. Дуда жеги лъаларо, гьел ругел ц1одорал лъимал – кидаго  дир т1алаб-агъазалда рук1ана: мама, киса киего мама.
-Бат1айиса бук1ине рес гьеч1елъул. Рач1а Эдемалде рилъине.
-К1варич1о. Мун киг1ан заманалъ вач1арав?
-Рождество щвезег1ан. Гьеб замана г1елагури йилъине … дуда дие ругьунлъизе. Халида, дуе дун цодагьавг1аги рек1елъе восулевищ? Халида, – ян к1иябго квералъ гьелъул бет1ер кун борхинабуна Вадимица, -  восуларищ?
-Восула, - ян шурана жавабалъе ва гьесул вохи бихьигун т1аде жубана, - щуго минут хут1ун буго рокьи кезе.
-Хирияй, хирияй, – ан карандеги къан гьелъул гьумералда гьаниб-доба баизе жувана.
Аск1ов щвана Изам:
-Папа, - ян т1ажу ц1ана Вадимица, - папа, мама г1одулейищ.
Вадимица ц1ехолеб  бич1ич1ониги вас кодове вачана ва Халидахъ валагьун ч1ана.
-Гьеч1о, – ян гьимана васасе Халида.
-Папа! Дунги! – ян векерун цеве эхетана Изам кодов вихьигун Мухтар.
Велъулаго к1иялго лъимал каранде къана гьес.
-Папа!
Мама, гьанже къоче нижеда, балай нижее лъик1 бугеб куц!
Халида гьимулаго машиналуса къват1ие йилъана ралъдахъ ялагьун.
-Мама, кие арай? - ан бахъан хадубго Мухтарил гьаракь – папа, виччай!
-Рокъоре рилъунарищ? – Данде векерун вач1инев васасда къочана Халида ва т1адагьго елъана, кидалиго г1адин ургъел  к1очон тун аваданго рак1-рак1алъ.
Цодагьалги ралъдахъги рук1ун рокъоре щвезаруна Вадимица гьел. Рокъоре щвезег1ан лъималазул рохиялдаса, Вадимил рокьул ц1ураб балаялдаса  кинабго к1очон тана гьелда. Подъздалда цере папа т1аде вачеян т1ирун ч1ана васал. Х1алихъего мук1ур гьаруна машинаги лъун гьев вач1ине вугилан.
-Халида, гьадин гьазие бокьун бугеб мехалъ…
-К1варич1о. Гьарула, бокьун гьеч1о дур г1адада хьулал лъезе.
-Сапиятида к1алъаларей щай?
-Жеги хехго буго. Дицаго т1убала, – к1веч1о т1аде Вадим вачине гьелда.
-Къаси-щиб гьабулей йигей? Цо бащадаб саг1ат.
-Балагьун йихьила. Гуля яч1ине колаан. Дур гьабулеб жо гьеч1ищ?
-Дун духъ валагьун ч1ела, кинал ишал, - ан х1алимго гьимана Вадим, – жакъа талих1ав вуго кинабго гьедин кеялдаса. Гьайбалъи васазул, эбелалда релъарал рук1инарищха…
-Вадим, унго дуе рек1ее росаралищ гьел, яги дида цеве х1алеб жойищ?
Гьес вуц1ух1ун жиндирго гьумералда кверал рахъана.
-Т1ассалъугьа, – ян абун къват1ие яхъана машиналъуса Халида ва нахъе-цее балагьич1ого рокъое йилъана.
Рет1елги цин бахъич1ого гордаги рек1ун папал Сапиятида бицунел ругоан васал. Гьале, т1атана кинабго – дун диего хабарал рекъезарулей. Вадим! Кие дун к1анц1илей?
Эбел йихьарайго Мухтарил гьаракь бахъана:
-Ма!
-А, – ян гьезда аск1ое йилъана Халида.
-Мама, ада божулей гьеч1о, – ян Мухтаридаса цеве г1едег1ана г1арз бахъине Изам.
-Хабар тун, хехго рет1ел бахъизе. К1иабизе дун к1алъазе т1амич1ого.
-Мама, абеха дуца папа вач1ун вугин нилъер.
-Лъик1, цин рет1ел бахъизе ана.
Сапият йиха-хочун цин лъималазухъ цин  бадий нур   бач1арай Халидахъ ялагьун йик1ана. Цоцада папал бицунаго васал жидерго рокъоре рет1ел хисизе ана. Нечоца холаго Халида  столалда нахъа бак1ида г1одой ч1ана.
-Халида, т1аде вачинч1ев щай? Ниж гордухъа ралагьун рук1ана…Лъималаз папаян абулеб бугогури гьесда… «жакъа вач1анила папа», т1оцере лъимал рихьарал къаг1ида жакъа.  Тамашалъи. Гьев цощинав Мухтарида релъарав вугев?
-Гьеч1о, ада.
-Жиндирго лъимал гьеч1огонищ?
-Гьеч1о, йокьарай яс хун санал ран руго. Дунго г1адин…
-Шагьаралдасайищ?
-Италилялдаса.
-Кисалия?!
-Италия х1укуматалдаса. Халатаб тарих…
-Дир хьул бук1ана маг1арулав данде ч1валин дудаян.
-Гьев   вуго маг1арулав. Унго.
-Машинадухъ балагьун г1аги бич1ич1о дида, унгоги нилъер гьаниса г1ебеде гьединал рихьун рук1инач1елъул.
-Ада, дуца щибин абилеб?
-Вихьич1ого, лъаларо. Т1аде вачине келароанищ, лъималазцин папаян абулеб мехалъ. Лъималазда лъала сахав г1адам. Ургъел коге, дуразда дун к1алъала.
-Г1едег1уге, гьарула. Жеги лъалеб жо гьеч1о. Гуля яч1иней йигин кола, – ян нуц1ил звонок бахъигун къват1ие йилъана Халида.
Йигизеги йигоан гьей.
-Вай, мун  кенч1елей йигией кин жакъа?
-Духъего балагьизе к1очон тола дуда, – ян талих1 йик1ин бахчулебго бук1инч1о Халидаца жакъа.
Бахчулеб г1адаб гьеч1оан гьеб!
-Гурде букъулелъуре йилъине яч1ун ятила.
- Уха, цо мун балагьизе рет1арабго.
-Гуля, Вадимил балъголъи т1ат1ана жакъа лъималазе, Сапиятилдаги бицун бугоан дун т1аде щвезег1ан.
-Вай, гьелъ щибин абураб?
-Лъималаз папаян абураб жоялъ   асир гьаюн його гьей. Жий к1алъалила диразда.
-Талих1ай! Т1ок1абги щиб дуе къвариг1ун бугеб?
-Гьеч1о, щибго Гуля. Бихье дица Вадимихъе к1алъала хадув вач1аян. Чамалде ине колел?
-Ункъоялдейин абе, санаг1ат батани.
Гьей кида к1алъалеян ч1ун вук1арав киниги  гьес вач1инилан абуна.
Ясал заман бугелъул жидерго бицунеб-толебгун лъималазухъеги ракун жидерго рокъор, Халидал спальниялъуре лъугьана.
Лъималги кваназарун жаний яч1ана кваназе рилъаян абизе Сапият:
-Гуля, баркула, дир яс, дуда к1удияб даран, –  ан х1еренго къочана гьей данде яхъун  яч1арай Гуляда.
-Баркала.
-Рилъа к1алдиб жо лъезе.
-Сапият-ада, къаси Халида дир бах1аралул гурде къач1азе дихъ йичаларищ?
Сапият цодагьай ялагьун хут1ана гьезухъ цинги к1алъана:
-Цадахъ щив вугев?
-Дихъе ниж  Вадимица щвезарула. Дир дора ясал тун рук1ана, къаси жеги рак1ариларищха гурде бихьизе.
-Лъик1. Замана тохаб буго. Ц1одорго рук1а, – ян Халидал бадиеги ялагьун къват1ие ана Сапият.
Нек1огоялдаса киноялде инеян цин Халидаца хабар гьабич1елъул цодагьалъ рак1 рах1ат хун лъугьана гьей.










Э П И Л О Г

Ана жеги к1иго сон. Киг1анго Халида т1ирун ч1аниги жиндир к1удадал ц1и ратараб тухумалъул х1урматал бихьиналги рачун  ун Вадимица Мух1амадихъа Халидал раг1и босана. Бигьа бук1инч1о гьезие  Мухтар гурев чигун лъимал тезе. Амма Халида жидер бет1ер цереса арабго янгъиз т1уялареблъи бич1улаан гьезда. Вадимидаги бажарана гьезул рак1ал тамахлъулеб къаг1идаялда хьвадун. Гьединго бигьаго «папа» ян руссана инсухъе г1ашикъ рук1арал гьит1иналги. Вадимида лъалан г1адамазул рак1азулъ нух балагьизе. Цох1о кверде бач1унареб хъалалъун йик1ана Халида.
Жиндие бокъахъе Мах1ачхъалаялда вук1инеги щоларого, х1алт1и рехун тезе ресги гьеч1ого Халидадаги Миланалдаги гьоркьов кун вук1ана Вадим. Цо-цо гьесда  колан гьаглъун ватилин живан.
Гьале жакъаги:
-Цодагьалъ дихъе йилъунарей щай?
-К1варич1о. Нилъ цо-цада рихьанагури.
-Духъ ч1алг1ун вуго дун. Лъаг1елги бащадалъ цо-цада рихьун г1олеб жойищ бук1унеб? Мун дир бах1арай йигогури. Гьеб г1оларогуронищ. Яги лъицаниги квер кун спальниялде ячинег1ан ч1унищ? Бокьани рач1а г1адаталда рекъон бертин гьабизе. Гьанже дунги т1ованго маг1арулав вугелъул. Кинан мун диде ругьунлъизайиеяли дида лъаларо
-Гьарула. Г1айиб гьабуге. Дие вокьула мун. Унго. Дун х1инкъун йиго. Лъаларо сундасаяли. Бич1улищ. Гьабуге х1ал.
-Йилъа дунгун, лъарат1е щвезег1ан хьитал рахъулел щибизе дуца. Кидаг1аги гьеб гали дуца базе кола.
-Т1ассалъугьа, – ян маг1ил ц1уна Халидал берал.
Кидаго гьедин…





* * *
Ана моц1ал. Бук1ана Гулялги Х1амидилги бертан
…Кватич1ого гьабун бертингун Вадимицаги  хъизан, лъимал Миланалде рачана.
Гьениса рач1арал кассетазухъ ва суратазухъ ралагьун рохун Мух1амад ва Клараги рук1уна. Рес батун херазухъе лъимал щвезарич1ого, яги херазухъ ч1алгун тун  Халида щвезайич1ого Вадимица толаро. Анги гьарун гьез рии бихьун херал Италиялда х1ухь бахъине жидедаго аск1ор раин1ого толаро.
…Лъаг1алидаса гьаюна гьезие зоб хъах1илал бералгун гьайбатай яс Моника.
Вадимие унгоги хиралъана гьел к1арчамал, кидаго «папаян» вихьигун урхъун данде рекерун рач1унел васал.
Берцинлъи Миланалда т1абиг1аталъул. Халидал гьоркьоса къот1ич1го гьаниб-добаса раг1улеб елъи. Бер данде кейгун намуслъи – т1ок1аб талих1 щибизе х1алт1удаса рокъов свакан вач1арав г1адамасе.
-Бихьулащ. Нилъ цо-цае рижарал руго, – ян такрар гьабулаан Вадимица. – Пападаса васазул ч1ух1и  бихьуларищ. Цо цае рижарал руго нилъ.
Терассаялда апельсиналъул сок ц1улел рук1ана раг1и гьеч1еб накъиталда цо-цае рижарал. Кват1ич1ого Моникаеги лъеларищха гьениб бак1. Гьайбатаб т1абиг1ат, гьит1инабго столикалда нахъа ункъоял.
Баг1арун бугеб куц. Раг1дукье анищ, террасаялде.