Об истории с. Алмак. На аварском языке

Гаджимагомед Гаджимагомедов 2
ЦО АЛМАХЪ РОСДАЛ ИСТОРИЯЛЪУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ КЪОКЪАБ БАЯН.

Росдал гIадамазе цIакъ бокьула жидерго росдал цебесеб история лъазе. ГIолилаца гIемер нухалда цоцазда гЬоркъоб кIалъай гьабула нилъер умумузул цебесеб заманалъул хIакъалъулъ баянал лъазе бокьилаанилан. Ц1акъго дурусал баяназдалъун ва рагIаракьанде щун гъеб лъазабизе кIоларо. Щайгурелъул, басрияб, жиб хун араб капиталистазулаб ва помещиказулаб режималда  тIад щулалъараб пачаясул хIукуматалъ гъваридаб бецIлъиялда цIунун чIезабураб нилъер халкъалда, хасго националиял букIназда гъеб ишалъул хIакъалъулъ хъван нахъе тезе бажари бугев чи вукIинчIелъул. Нилъер росабазул цебесеб гIумруялъул хIакъалда нилъеда лъазе кIолел жал руго умумуздасан цере рачIарал биценаздасан лъазе кIолел лъугъа – бахъинал.
Дир гIумруялъго чIахIиял гIадамаздасан дида лъазе кIварал баянал Алмахъ росдал цебесеб дунялалъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго дие. Гьеб росо буго цIакъго ричIадаб цебе заманалъул росо. Жеги баянал руго цебегосеб заманалда гъеб  кIудияб шагъар букIанилан абулелги.
«Алмахъ» абураб цIар гъелъул кидагособ тIоцебесеб цIар горо. Гъелдаса цебе гъелде букIараб цIар лъидаго лъазе кIоларо. Гъеб росаялде «Алмахъ» абун цIар абизе байбихъана гъанжеялдаса 585 – соналъ цебе \1395 сон - Г.Г.Р.\ , Монголазул воевод Ахъсахъ – Темир гъеб росо бахъизе вачIаралдаса нахъе.  ЦIикIарал росаби ва шагьаралги росулаго Ахъсахъ- Темир гъеб росдада тIаде щвана. Росдал бахIарчияб халкъалъ гьев росолъе виччачIо ва к1вараб куцалда яргъидалъун гъесде данде чIана. Чанго нухалда Воеводас росо бахъизе тIаде гьужумалъ ритIарал гъесул рагъухъаби бахIарчияб росдал халкъалъ гъурун, лъукъун, пасат гъарун нахъе лъутун унаан.
ЧанцIолго рачIаразде Ахъсахъ – Темирица гъикъулаан: - «Алмахъ?» абун. Гьеб буго босичIиш абураб суал гьезул мацIалда. Рагъдаса тIад руссараз босичIин жаваб кьедал гьес абулаан «Алмахъ – оллар» абун. Гьелъул магIна буго гьезул мацIалда босизе кIолареб росо босизе кIвела ян абураб бичIин жиндир бугеб. Гьеле гьедин 1378 \1395-Г.Г.Р.\ абилеб соналдаса хадуб гъеб росдаде «Алмахъ» ян цIар абуна. Алмахъ росдал история тIобанго бухьараб буго мугIрузулаб Дагъистаналъул росабазул историягун.
Гьел росаби гIадиланго Алмахъ росоги ккун буго къватIисел чабхъадулазул тIаде кIанцIяздасан жалго цIунизе санагIатаб бакIалда. Гьеб буго сверун ругел рорхатал кьурабаз жанибе бачараб,  кIиябго рахъалдасан «Ахъташ» ва «АхъгIин» лъинал чвахула бугеб, северияб рахъги къурабазул ахалъи цоцазда жобалаго тIаде нух къотIараб гьоркъоблъиялъул борхалъулда. Доб заманаялъ гьеб  цIакъго чIахIиял, гъалимал рохьаз бахчизе гьабураб жаниблъияллаги букIана. Гьеб букIана мискинаб халкъалъ жиндасан пайда босулеб «Чан» жаниб бечедго бугеб рохьил бечедаб ракъ. Ахъсахъ – Темирица гъеб росо босизе кIоларого халат заманалъ гъеб сверун ккуна. Рагъ гъабун гъеб босизе кIвечIеб мехалъ гьез хIилла ургъана. «Гъардохъанасул» сураталда цо хIила бугев жидерго рагъухъан росолъе витIана. Гьесда тIад къан букIана гъеб росо босизе кIвезе кинал ресал ругелали лъазабизе. «Гьардохъан росолъе ана.
Садакъа гъарулаго рукъзабахъан рукъзабахъе хъвадана. Къассе мехаль гъав цо чIужу гIадан йигеб рокъов сордо базе гъарун гъелла ихтиярги къезабун гъенив чIана. Гъей чIужу – гIадангун гъабулеб хабаралдасан «гьардохъанасда» бич1ч1ана росдал г1дамацца жиндаса пайда босулеб лъел бет1ербет1ер бук1ин къилбаралъул рахъалда бугеб майданалъул къаданисан араб ричIалъиялда. Гъесие гъеб свединия г1уна. Нахъияб къоялъ гъев т1ад вуссун ана.
  Ахъсахъ – Темурилаца гъеб лъел бет1ер балагъана. Бухъун т1аде рехизабуна ва цогидаб рахъалде чвахизе т1амуна лъим. Росдада жаниб цогидаб лъин бук1инч1о. «Ахъташ», «Ахъг1ин» абурал росдал к1иябго рахъалъул гъварилъудасан чвахулеб лъаразде унел цо-цо горого гъеч1ел нухал Ахъсахъ – Темурилаца ккуна. Гъеб мехалъ лъин гъеч1ого хут1араб росдал г1адамада халат х1ехъезе к1веч1о. Гъедин гъел Ахъсахъ – Тимурилазде кверде ана.
Воеводасул аскар росолъе к1анц1ана. Росдал халкълдасан къиссас босана. Щибаб азбаралда во росдал къват1ахъ бидул ихал чвахизе гъаруна.
Кинаб бугониги гурх1ел гъеч1ел гъез мунагъ гъеч1еб халкъ гъабуна. Бихъинал, руччаби, херал ва г1ажизал бат1а гъарич1ого г1адамал гъурана, лъукъ – лъукъана ва гъезул бугенниги бечелъи гъез тала гъабуна.
Гъале нилъеда цебе ч1ола доб заман, х1укуматалъул рахъалдасан кинабгун бугониги кумек гъеч1олъиялъ ва Дагъистаналъул цогидал халхъазулгун, гъединго к1удияб г1урус халкъалъулгун бухъен бук1инч1олъиялъ, лъилниги кумек гъеч1ого хут1араб гъит1инаб, янгъизаб халкъалъе  Ахъсахъ – Тимурил Г1алхуллъарал рагъухъабаз нилъер умумул х1акъир гъабураб заман кинаб бук1арабали. Ахъсахъ – Тимурилаца «Алмахъ» росо нахъа тана квешаб ч1унтелалъул пасат гьабураб росолъун. Гьел ана. Бидул ц1урал гьезул лъак1азда нахъа росдал халкъ квешлъиялде ккараб, мискинаб ва язихъаб агълолъун хут1ана. Гьеле гьелдасан хадуб гьеб росдал халхъалъ хадубги ч1аголъи гьабуна. 200 ялдаса ц1ик1ун сонал ана, росо жеги к1удияб росолъун бук1ана. Цересел г1адамазул биценазда рекъон 8000-ялдаса ц1ик1ун хъизан бук1ин ч1езабула. Гьеб мехалъ росдал халкъалда гьоркьоб «Вабаъ» /Холера/ унти баккана. Цойидасанго г1емер-г1емер чаг1и хо-хозе лъугьана. Цо къоялъ хун цадахъго 10-15 чи цо хобалда жанир лъураб заманги ккана. Г1емер г1адамал хвана. Цо къадар г1адамал унтудасан лъутун рахъ-рахъалде рич1аде гочун ана. Росо гьит1инлъана ва г1адамал жанир дагьлъана. Гьеб мехалъул гьел росдал г1адамал щал чаг1и рук1арал лъаларо. Гьелдасан хадур Алмахъалде цоги ц1иял г1адамалги т1аде рач1ана. Мичи-хичазул росабалъан «Харайчосан» ва «Чунгур» алдасан лъутун, жалго рахчизе мустах1икьаб бак1 балагьулаго сверулел рук1арал к1иго чи чачанал ва гьединавго цадахъ лъарав цо маг1арулавги гьеб "Алмахъ" росдаде т1аде ккана. Гьезда бихьана «Алмахь» бук1ин кинаб бугониги къват1исеб т1аде бач1унеб х1инкьиялда-сан жалго ц1униялъе г1адамазе  ц1акьго санаг1атаб бак1. Гьез х1укму гьабуна. Гьез гьенир ч1езе ва жидерго тухумалъул цересал г1адамалги гьенире рачине. Гьез гьедин гьабизеги гьабуна. Гьез «Алмахъалда» рук1елал гьаруна. Балъгого жидер г1агаргьиги гьенибе бичана. Гьедин росдал халкъ ц1иял г1адамаздалъун бечелъана-къадар ц1ик1ана. Гьел г1адамазул тухумал руго гьале гъанчисел Алмахъазда гьоркьор «Харайчосел, Чунгурисел» ва «Маг1арулал» ян абулеб лъабго тухум буго росолъ аслияб х1алалда ц1ик1араб халхъалъ гьеб мехалъ бицуна Чачаназул мац1ц1. Гьеб мехалъ абизе бай бихьарал ракъазул-бак1азул руго чачаназул мац1алда гьанжеги абулел ругел:  «Вардам», «Бартисамичу»,  «Хьоринзо», «Санадукь», «Гьамабахайичу», «Шишин дукь»,  «Борзин дукъ»,  «Хани дукь»  ва гь.р.ц.
Росдал халкъалъ бет1ер бахъи гьабулаан ц1ик1араб къадар чанахъанлъиялдасан. Чан гьабулеб ярагълъун гьезухъ рук1ана мач1у туманк1. Х1араялъул к1алт1асан жанибе херги бан, хадуб т1охьидал гуллаги т1амун ц1олел ва затвор бак1алда чвархъизабун чармил кесекалда кьабун ц1а пирхизабидал, х1арил жаниб бугеб харда т1аде бугеб гьит1инабго карт1ил к1алда бугеб хер пишт1изабулеб мач1у гамач1 кьабун индал кьвагьулел туманк1ал. Туманк1ул хер г1адамаца жидецаго гьабулаан. Риц1ил ц1ул бух1араб т1урччиги, ч1абат1ги цадахъ бухун гьабулаан хер. Хурухъанлъи ва боц1ухъханлъи ц1акъго т1еренаб бук1ана. Ракьал рохьица ккурал рук1ана. Кутан, хьури бук1инего бук1инч1о. Гьанжесел культураби: картошка, ролъ гьезда лъалароан. Гьезда лъалеб жо бук1ана ц1оросароль, пурч1ина, гвенегат г1адал т1оцересел кулътураби. Гьеб заманальул росдал г1адамазул кинаб бугониги лъай-хъвай бук1инч1о, г1урус халкъгун, цониги чи  г1урус мац! лъалев вук1инч1о. Исламалъулаб дин росдал г1адамаз билъанхъизе гьабулароан. Гьез болъонил гьан кунаан. Сонал ана, замана рич1ана. Ханзабазул ва нуцабазул х1акимлъиялда гъоркьги  росдал г1адамаца г1умро гьабуна. Алмахъазда т1ад цо заманаялъ ханлъи гьабуна Ханмирзаца. Гьесул ч1ейи бук1ана Алмахъазул территориялда – маг1арда. Гьеб мег1ералда гьанжеги абула «Мирзал-хъала» абун. Гьев ханас Алмахъал жиндиего х1алт1изарулаан. Гьезул зах1мат кванаг1ан.
Гьес ц1ик1к1араб къадар болъонал хьихъулаан. Цо нухалда Мирзае рекьаризе  цо къоялъ Алмахъалъул г1адамаз бан буго 30 «пуруц» /доб заманалъул оцазда бан ракь бекъулеб алат/. Оцал ва г1адамал свак чучизе ва кваназе ч1араб къаде  мехалъ Мирзаца 30 «пурцил» рекьарухъабазе квенгун цадахъ кьун буго 30 болъонил мегьед. Гьез гьеб кванан буго.
Цо заманаялда Алмахъалъул г1адамазе инжитлъаби гьарун руго Алмахъазулгун г1орхъи цояб ракьалда жал ч1ун рук1арал нуцабаз. Гьел ч1ун рук1ана гьанже Калининаул росдахъ бугеб «Биляргъин» абулеб бак1алда. Сверухълъиялда ругел халкъазе ц1ик1к1арал къварилъаби гьарула рук1арал гьел нуцаби, гьенир халхъалъ гъурун руго. Кинал г1адамаца гьел гъурарали лъазе к1оларо. Гьеб бак1алда гьанжеги абула «Биляр гъиргъин» абун. Гьелъул маг1на ккола - «Нуцаби гъурарал бак!» - ян абураб жо. Т1оцересел Алмахъазул хъвай-ц1али лъалев чи щивго вук1инч1о. Кинаб бугониги лъимал ц1ализабулеб бак1 ва кинаб бугонига алфавит гьезул бук1инч1о.

АЛМАХЪ ВА ИСЛАМАЛЪУЛАБ ДИН
Алмахъ росдал халкъалъ исламалъулаб дин ц1акъго кват1ун къабул гьабуна Гьезда гьоркьосан ахириселаца гьеб 17-аб векалдацин хьвадизе гьабич1о \?\. Гьеб бич1уна гьадинал биценаздасан.
1923-1924 соназ хвана 90-да хадуб сон г1умру бугев Агаев Жаба \?\ абулев чи. Исламалъулаб дин хьвадизе гъабиян гьезда цебе суал  лъедал гьес абун буго: - «Дир буго болъонил бакъвараб гьан. Ислам къабул гьабуни гъеб квине бегьуларо. Гьеб гьан т1аг1инег1ан дун те» - ян. Гьединго ислам жаниб т1ибит1арал бак1азда хехго г1ун рач1ана гьелъие ц1аларал чаг1и /г1араб г1алимзаби/. Алмахъалда т1оцересел г1арабалъ ц1аларал г1алимзаби раккана 18 аб. нусго соналда жанир. Гьел рук1ана Г1алисултанов Г1амирг1али, Беркиханов \Батыров-Г.Г.Р.\ Беркихан, Бектимер, Зайидх1ажи, Дибиркъурах1ма ва гь.р.ц. Гьезда цере цоцин гьединал рук1инч1о. Гьел рехсарал г1адамазул бет1ерлъиялда ана Маккаялде «Х1ажизабиял». Гьел жалго ц1алана Дагъистаналъул т1оцебего ислам къабул гьабурал бак1азда раккарал г1араб г1алимзабазда цере. Гьел рехсарал г1адамаз  росолъ т1оцебе г1араб алфавиталъ лъимал ц1ализе гьаризе байбихьана. Гьезул бет1ерлъиялда дин билъанхъизабизе къеркьана. Росолъ Машк1идал рагьана. «Рузман» - абун анкьида жаниб кинацаго цо къоялъ цойида какал рай билъанхъизабуна.
Папирос ц1аялде, г1арахъи-чагъир гьекъеялде данде ч1езе ва гьеб гьабуни шариг1аталъулаб тамих1 гьабизе байбикьана. Руччаби бихьиналгун к1алъазе гьукъизе байбихьана. Васал, ясал цуцазулгун к1алъай гьабизе гьукъана. Жиндие бокьун жийго росасда хадуй ани гьей яс х1амида рек1ине гьаюн халкъалда цеесан ячине ва хадуб гвадар базе байбихьана. Гьей хадуй ячарасеги гьебго гьабулаан. Гьелдеги т1аде гьел халкъ бак1арараб бак1алде к1алагъоркье регизеги гьарун т1илица кьабизе байбихьана. Гьел г1адамаца т1оцере ц1ализарурал гьезул ученикал 19 аб векалъул байбихьудацин Алмахъалда щибаб рокъоре хьвадун г1адамазде исламалъулаб диналъул законал.  /Иман, Ислам/ малъизе хьвадулел рук1ана. Гьеле гьединал фактаз бицуна Алмахъ росолъ Исламалъулаб  дин ц1акъго кват1ун гурони т1ибит1ичеблъи \?\. Алмахъаз цо цебесебго заманалъ хьвадизе гьабулаан христианазул дин. Горбода балаан «икона», кваналаан болъонил гьан. Г1аракъиги гьез жидецаго бахъун гьекъолаан. 1958 соналъцин алмахъалда батана жиб халат заманалъ ракьулъ бук1араб цебе алмахъалъул г1адамаца габуралда бан бук1унеб бук1араб иконазул цояб.
Дунивалалда дин баки.
Нилъее баянаб бук1ахъего гьеб исламалъулаб дин баккана т1оцебе г1арабазул доба Африкаялде бугеб Макка шагьаралда Авараг Мух1ммад \с.т.г1.с.\ Г1абдулаевасул бет1ергьанлъиялда. Жалго маккаялъулалги цин халат заманаялъ гьеб диналде данде ч1ун рук1ана. Гьез маккаялдасан къват1иве ун Мух1аммад авараг \с.т.г1.с.\ ана Мадина шагьаралде. 10-го сон гьенибги бан к1удияб аскарги бак1арун гьев рагъгун Маккаялде т1аде вач1ана. Гьес Макка бахъана. Гьениб бугеб халкъ жиндиего мут1иг1 гьабуна. Гьезда т1оцебе дин къабул гьабизабуна. Гьениб гьес Исламалъулаб диналъул ва жиндир рахъ кколезул х1укумат г1уц1ц1ана. Хадуб гьез гьеб дин сверухъ ругел халкъазда гьоркьоб къабул гьабизабизе байбихьана. Гьелъие г1оло кинабго агитация ва пропаганда гьабуна. Хадусан гьез рагъулаб къаг1идаялда гьеб дин дунялалдаго т1ибит1изабизе байбихьана. Гьедин гьезул рагъухъаби къват1ире рахъана, ва цоялда хадур цоял халхъал къезарулаго, дин къабул гьабулаго цереххун ана. Гьел щвана Турциялде. Решт1ин гьабуна Стамбул  шагьаралде. Гьенир халат хут1ана ва гьез гьениб исламалъулаб дин щула гьабула. Турциялда кинабго иш т1убан хадуб гьел ана Ираналдасан, Иракалдасан церехун Индиялде щвезег1ан. Индиялда гьезде данде тункулаан Мух1аммад авараг \с.т.г1.с.\ вахъиналде Индиялда вахъун вук1арав цогидав авараг – Буди аб чиясул дин «Будизма». Кинго маккаялъулазда к1вана цо къадаралъ Индиялъул бак1алда «Ислам» къабул гьабизабизе. Цогидаб рахъалдайин абуни добго «будизм» хут1ана.
 Г1езег1анго заман гьенибги бахъун Маккаялъулал 5000 чиясулаб армияги данде гьабун Россиялдехун т1ад жемана. Гьоркьохъеб Азиялъул территориялда исламги т1ибит1изе гьабулаго гьел Дагъистаналдехун руссана. Дагъистаналъулазда гьеб хабар лъана ва гьезги данднч1ей х1адур гьабуна. Дагъистан гьеб мехалъ к1удияб улкалъун бук1ана. Гьелде гьоркьобе унаан гьанжесеб Дагъистан, Мичи-хичазул ва Кумуказул территорияги. Дагъистан бук1ана хурухъанлъи  ва боц1ихъанлъиялъул рахъалъанги бечедаб улкалъунги.
Дагъистаналде дин бач1ин.
Дагъистаналъул тахшагьар бук1ана Хунзахъ. Гьенив хан вук1ана Суракъат. Гьесде т1ок1 ц1ар абулаан «Нуцал» абун. Гьес билавун бук1ана т1олго Дагъистан Черкесалде ва Шамхалалде г1унт1ун. Ханасул бук1ана щулияб г1адло., гьесул тухумалда чи хвани, ялъуни чияс ригьин гьабуни ханасул ихтияралде кьезе кколаан щибаб росолъа цо-цо чу, я цо-цо х1айван. Маккаялъулазда раг1ана Дагъистаналъул ханас жидеде данде ч1ей г1уц1ун бугилан. Гьез Дагъистаналде рит1ана ц1ех – рехалъе нусго чи. Гьезда бич1ана Дагъистаналъулаз жидеде данде ц1ик1араб къуват данде гьабун бук1ин. Гьез х1ила гьабуна, квешаб загьру дандеги гьабун гьебги гъоркьобе жубан г1емераб квен бежизабуна. Киса-кибего гьеб квенги т1ибит1ун цойидасан рагъ байбихьана ва квенги жибго тун жалго нахъе лъутана. Дагъистаналъулаз т1аде щойгун гьеб квен кванана. Гьелдалъун гьезул 7000 чи хвана. Гьедин чучлъараб Дагъистан бусурбабаз рагъги гьабун къезе гьабуна. Гьез Хунзахъ бахъана. Суракъат ч1ван гьесул бет1ер къот1ана. Гьенив ханлъун тана жидерго Шайих Ах1мад. Гьевги Суракъатил тахида г1одов ч1ана. Суракъатил вас Байсар, г1агарлъиги бачун Грузиялде лъутун ана. Дагъистаналъулал гьезухъа къана, амма гьез ислам къабул гьабич1о. Кинабго Дагъистан Шайих Ах1мадиде буссана. Гьезги капурзабазда г1емераб ва бат1и-бат1ияб налог лъуна. Щибаб лъаг1алие гьес бак1арулаан щибаб росоялдасан ц1ик1ун магъало. Гьале баянал фактал: Къарахъ росдасан 500 г1и, Дурсахъ росдасан 300 г1и, Дусрахъ маг1ардасан 1000 г1и, Гьибилазул щибаб рукъалдасан цо-цо г1и, Хундерил росдасан 700 куй, 700 къали ролъ ва 60 къали найил гьоц1о. Г1андадерил щибаб росдасан 8-8 буртина ва цо цо оц, Чамалазул щибаб росдасан 500 г1и, Хайдакъ Табасараназул щибаб росдасан 170 гамущ.
Гьедин маг1ало босулаан киналго Дагъистаналъул, гьединго гьелда гьоркьобе унеб бук1араб т1олго Мича-хичазул росабаздасанги. Гьедин босараб Магъалоялдасан Щайих Ах1мадица пай гьабун бит1улаан доб заманаял Маккаялда вук1арав аварагасул инсул 2 вацг1аласе, Г1абасие ва Х1амзатие. Хут1араб жиндирго бода гъоркьоб харж гьабулаан. Гьаниб бич1ине бегьуларо гьаб къеркьей бугин ахираб «Ислам» Дагъистаналда т1ибит1изабиялъул къеркьей бугилан. Гуро, гьелдаса чанги халатаб замана ун хадубги Исламалъулаб дин Дагъистаналде босун бач1араб. Гьелъие г1оло г1емерал ва бат1и-бат1иял къеркьеял гьаруна г1араб улкабазул х1акимлъи гьабулел сверабаз. Хасго Султанасулаб Турциялъ ва Шагьасулаб Ираналъги. Киназулго гьезул мурад бук1ана Дагъистаналда ханлъи жидеца гьаби…. Гьаб нилъеца бицунеб Шайих Ах1мадил поход Дагъистаналъулаб хеккого биххизабуна. Суракъатил вас Байсар хадусан гуржиязул боги бак1арун балъго Дагъистаналде вач1ана. Шайих Ах1мад ч1вана. Гьесул бет1ер къот1ана ва инсул тахида г1одов ч1ана. Гьеб мехалъ рагъ халалъана 24 соналъ. Гьеб бук1ана исламалде ва бусурбабазде данде ч1ун Дагъистаналъулаз гьабулеб рагъ. Гьеб кинабго ккана 1290 аб соналдасан цебе. Ахир гьелъул ккана Дагъистаналъулазде бусурбаби кверде рач1иналдалъун. Гьедин Дагъистаналъулалги жидерго цебегосеб рук1арабго х1алалда хут1ана. 350 соналъ жиб т1ибит1изабулаго Исламалъулаб дин босун къват1ире рахъунез чанго бат1аяб чабхъен дагъистаналде гьабуна.
Алмахъалда дин боси.
Алмахъаца «Ислам» киназдасаго кват1ун гурого къабул гьабич1о. Алмахъал рук1ана хъанчие лагълъи гьабулел г1адамаллъун. Гьез кунаан болъонил гьан. Гьезул бук1ана «Ахъг1ин» абураб лъарахъе унеб нухда бугеб иццухъ г1аракъи бахъулеб к1иго кустарияб завод. Ахирги гьез Ислам къабул гьабизе ккана. Гьелъие г1иллаги ккана Ислам босун рач1унезул, ханзабазул, ростовщиказул т1аде цуял ва гьезул рахъ кколеб х1укуматалъулги Алмахъ росо биххун иналде г1унт1изабуна. Гьезда лъалаан исламалъулаб диналда ва гьелъул рахъ кколеб х1укуматалъул законалъги ч1езабун бук1ин «Машк1ид» жаниб гьеч1еб росо, росолъун рик1к1инарилан ва жаниб «Машк1ид» жаниб бугеб росо биххизе бегьуларилан абун абураб.

Имам Шамилил.
Гьеб х1укумат жиндие рокьукъаб Алмахъазул халхъ щибго квал-квал гьеч1ого Шамилидехун цолъана. Г1емерал ана Шамилиль полкалде гьоркьоре рагъухъабилъун. Шамилил рагъулъ активиял х1аракат чаг1и рук1ана: Г1адуев Умалх1ат, Бегуев Г1алибег, Мирзаев Салингере, Мирзаев Салимхан ва.гь.ц. Мирзаев Салимгере тушбабахъе квезе щун гьез г1алхулаб х1алалда ч1вана, гьесул бет1ер къот1ун штабалде босун ана. Къаркъала ракьулъ бахчун т1ад чуял сверизарун бит1изе гьабуна. Хадусан балагьун батун бач1араб гьесул жаназа т1оцебе лъураб т1оцебесеб гьесул хобалда сверухъ г1уц1араб буго Алмахъазул «Гъайли» абулеб бак1алда ругел хабзал.

Алданов Г1алибег-х1ажи.
Шамил ккун 15-20 соналдасан Имамлъи гьабизе вахъана Мичи-хичазул «Сим-сир» росолъа Алданов Г1алибег Х1ажи абулев чи. Гьев вук1ана Султанасулаб Турциялъул вичун восарав ва Дагъистаналде гьусун т1амурав агент. Кинабго Дагъистаналда ва гьединго Алмахъ росдал халкъалдаги гьев хеккого лъана. Г1алибег Х1ажил т1оцересел къояздаса нахъего Алмахъал гьезде данде ч1ана.
Г1алибег Х1ажица Мичи-хичазул бо бак1арана ва гьев рагъгун къват1иве вхъулев вугилан лъазабуна. Алмахъица гьезда кьварараб дандеч1ей лъазабуна ва рагъудалъун гьесде данде рахъине х1адурлъана. Алмахъазул рагъухъабазул х1акъалъулъ жинда лъик1лъалев Г1алибег Х1ажи гьезде т1аде инч1о. Гьев цогидаб нухдасан муг1рузулаб Дагъистаналдехун валагьун богун цеве ана. Г1алибег Х1ажиде данде ч1ун Алмахъазе бет1ерлъи гьабулаан росдал халкъалъул лебалав вас Хъарамирзаев Сонбулатица. Г1алибегх1ажийин абуни цоялда хадуб цо гьабун маг1арул росабиги росулаго ва гьелги тала гьарулаго цеве ана. Гьев щвана «Согъралъ» росолъе. Согъулдерил бах1арчияб халкъалъ гьезде кьварараб дандеч1ей гьабуна. Гьезул бак1аб къабиялъ Г1алибег х1ажил бо биххизабуна. Гьел риха-рочун рахъ-рахъалде ралагьун лъутун ана. Г1алибег х1ажийин абуни жиндирго мюридзабазул дагьабго къукъагун цадахъ мичи-хичалъе лъутун ана. Алмахъазул х1акъалъул гьесул план бат1ияб бук1ана. Гьезда рак1алда бук1ана муг1рузулаб Дагъистаналда бергьенлъиги босун, ц1ик1к1араб къуватги т1адги вуссун Алмахъалда бак1аб кьаби щвезабизе. Гьесул план г1аксалда ккана. Гьев живго т1урун х1алалъ ворч1ана. /1875-1876 с.с./  Г1алибег х1ажил ва гьесул мюридзабазулги квешаб ццим бук1ана Алмахъазда ва жидеде данде ч1ун гьезие бет1ерлъи гьабурав Хъарамирзаев Сонбулатида. Гьезда гьоркьов Г1алибег х1ажил мюрид вук1ана Сонбулатил цевего вук1арав гьудул Г1умаров Х1ажи. Гьев гьудулас х1иллаги гьабун гьел мюридзабазул цо къукъаялъ Сонбулат ккуна, вухьун гъот1одагун г1ужие гъун гьез гьев ч1вана. Гьелдаги къокълъич1о Г1алибег х1ажил мюридзабаз Алмахъазде данде гьабулеб къеркьей. 1876-77 сонабазул заманаялда Ахъташ г1авухъ  ва Кешан г1авухъазул даздахъ ч1вана Хасавюрт округалъул пристав /округалъул начальник/. Гьев ч1вана балъго гъоркьч1елги гьабун рохьосан туманк1ал кьвагьун. Гьесул Алмахъ генерал лъукъун хут1ун хадусан хвана. Гьезде кьвагьдарал чаг1и рук1ана Палибег Х1ажил мюридзабилъун рук1арал Ахъташг1авухъалдаса Салатгереев Маци, Закаев Нана ва Гилани росолъа Ватаев Мух1аммадги. Гьел лъидаго лъач1ого рук1ана.
Г1алибегх1ажица хабар биччана ва гьединго мац1 кьуна «Сала-таву» участкаялъул приставлъун вук1арав Ч1ик1са Дациев Шайихмух1махъе Хасавюрталъул пристав генералги ч1варал чаг1и Алмахъаца рахчун ругилан. Бат1и-бат1ияб нухалдалъун гьезда к1вана Шайихмух1ама божизавизе. Шайихмух1маца Алмахъалда вук1арав старшина /бегавул/ Висарханида лъазабуна гьелъие г1айиблиял г1адамазул список кьеян. Висарханица гьеб кьеч1о ва жинда г1айиблиял чаг1и лъаларин ч1ана. Цинги Шайихмух1маца х1укму гьабуна Алмахъазул росдал кинабго халкъ тамих1алде ц1азе. Гьелъул х1акъалъулъ гьес раг1и цолъизе гьабуна Салатаву участка жиндие мут1иг1ав щурав вук1арав пачаясулав генералгун. Гьедин хъвана приказ Алмахъазул росо бух1изе. Росдал т1олго халкъ Салатаву участкаялъул бищунго квачараб бак1алде 3 соналъ выселить гьабизе ва росдал бищунго цере т1урал г1адамал Россиялъул рич1адаб Сибиралде рит1изе 3 соналъ. Гьедин гьабизеги гьабуна. 1878 аб соназда солдаталги рачун Шайихмух1аммаги вач1ун Алмахъазул росо бух1ана. Бук1арабниги т1ощел бух1ана.
 Росдал бищунго цере т1урал г1адамаздасан 27 чи рич1адаб Сибиралде 3 соналъ судго гьабич1ого рит1ана. Росдал халкъ бищунго квачараб бак1ал абун Хубар росолъе 3 соналъ выселить гьаруна. Росолъ хут1ана цого Шайихмух1амал гьудул-бегавул Висархан ва гьесул бищунго г1агардисел чаг1азул 12 хъизанги. Цебе шагьар бук1араб Алмахъ гьедин 1880 абилеб сонабаца 12 рукъ бугеб отаралде буссана. Рич1адаб Сибиралде рит1арал 27 язде гьоркьоре ккола лебалал ва цере т1урал гьалмагъзаби:
Мирзаев Салимхан /дир эбелалъул эмен Шамилил рагъул участник/, Ачабаев Хангере, Ачабаев Айтимер, Свелиманов Булач, Х1ажибегов Черкессхан ва гь.г.ц.
Гьезул 7 яв хвана пачаясул Россиялъул рокьукъаб Сибиралъул ракьалда. 20 явин абуни ч1аго рокъоре щвана. 3 соналъул высилкаялдасан хадуб росдал халкъ т1ад буссун росолъе бач1ана. Гьезда кодоб ц1акъго язихъаб бет1ергьанлъи хут1ун бук1ана. Г1ака кодоб бугев чи ц1акъ дагьго вук1ана рет1ел-хьиталъул ва кванил рахъалдасан ц1акъго заг1ипаб х1ал бук1ана. Жидерго гъарзикълъиялъ ва язихълъиялъ гьезие рес ккеч1о цебе росолъ жиндир мина бук1араб бак1алда минаги ц1и гьабун гьениб яшав гьабизе. Гьез ч1ей гьабуна росдадасан рич1ада рахъ-рахъалда рохьил гьоркьор лъабазда, цоцаздасан рич1а-рич1ада землянкабахъ /ракьулъ гьарурал хъоршал/ ва хъоршазда жаниб. Гьеб мехалъ алмахъалда бук1ана т1олго 200 ялда хадуб хъизан. Гьелги т1ирит1ун рук1ана 15-20 кв. км. г1анаб ракьул площадалда.

МАГ1ИШАТИЯБ РАХЪ.
   Гьанжелъаг1ан бицаралдасан щивазда к1вела сурат цебе ч1езабизе кинаб бет1ер бахъи гьеб мехалъ росдал халкъалъул бук1арабали. Боц1ц1и хъихъиялъул рахъалдасан ц1акъго г1одобе ккараб х1ал бук1ана. Г1иялъажо бугев чи цониги вук1ич1о \?\. Ахихъанлъи щиб жоялиги лъалароан. Цоники пихъил гъвет1 росолъ бук1инч1о /культурияб пихъил/. Гьениб бук1ана г1алхул г1исинаб гени. Г1емерисеб квен гьезул бук1ана гьеб г1исинаб гени бак1арун, гьеб бакъвазеги гьабун хенараб гьелъул ханжу. Хурухъанлъи ц1акъго заг1ипаб бук1ана. Цониги махул кутангицин росолъ бук1инч1о. Кутан бугониги оцал лъилниги рук1инч1о. Булдузда релъарал кустарниял алатаз бухъун ва ракъулъ мугь бахчун бижинабулеб пайда гьеч1еб хурул маг1ишат бук1ана. Бокьун жидее бач1араб т1ощел хъизаналъе 4-5 моц1ие кваназе г1олароан. Гьел унаан х1алт1и балагьизе мич-хичазул росабалъе, гьезул г1и боц1уде батракаллъун, гьезул хур хер гьабизе. Гьел рахъунаан чанаре. Алмахъазул рук1ана лъик1а-лъик1ал чанахъаби. Гьезда гьоркьов машгьурав чанахъан цо жинцаго 99 ци ч1варав Асуев Биц1и. /цоги чундул рик1к1инарин/ ва.гь.г.ц. Гьез маххул къебеллъаби г1уц1ана. Рич1а-рич1аде ун къанаг1атаб махх щвезабун гьелдасан жидецаго гьарулаан харицелал, гьез гьарулаан мах т1огьиб ккурал ц1улал кутаби, ч1ах1иял гьакибурдул ругел, цо кутан бачунаан 8 векьарухъанас 16 оцалъ. Къое гьелъ бекьулеб бук1араб ракьул къадар гьанже 25-30 содихалде бащалъула. Гьарулаан хъиц1ал, г1ашдал, хунжрул ва гь.ц. Ракьал гьезул дагьал рук1ана, г1емерисеб территория рохьица ккун бук1ана. Бугеб х1алт1изабизе бегьулеб ракь гьез щибаб соналъ гьоркьоб бикъулаан. Ах гьабиялде байбихьана ц1акъ кват1ун. 1880 - 1890 абилеб соназ т1оцебе ц1улакьодал гъут1би гъуна. Гьел гъезе гьаруна «ножер гьаниб ц1улакьо бижуна» ян малъун гьеб мехалъ пачаясулаб х1укуматалъ Алмахъалде «старший» лъун т1амун вач1ун вук1арав ч1ик1аса Саг1ид абурав чияс малъун. Культурный гени хъегъун гьеб г1езабизе байбихьана гьелго сонабаца Алмахъаца Исмаилов Исрапилица ва Нартбиев Устарханица. Гьедин бай бихьун т1ирит1ана Алмахъалда культуриял пихъал г1езаризе. Ц1ибил тун бат1иял киналго пихъал гьенир г1езеги г1ола /рарщула/.
КУЛЬТУРИЯБ РАХЪАЛЪАН.
    Паччаясул Россиялдаго нахъе ккараб г1емерал нацияби ва халкъал ругеб Дагъистан абизе бегьула бук1анилан бищунго нахъе ккараблъун. Султанасулаб Турциялъ ва гьезул г1араб г1алимзаби Шайихзабаз Дагъистан жидедехун мут1иг1 гьабизеялъе г1оло гьабулеб х1аракаталъе г1оло гьарулел тадбирал Дагъистаналдаго т1ибит1ун унеб мехалъ гьез бищунго ц1ик1к1ун т1адч1ей гьабун бук1ана г1арабалъ ц1аларал, диналъул рахъ кколел г1адамал гьенир г1емерал рук1ине гьаризе. Гьеб х1аракаталъул нухалда жал гьоркьоре лъугьарал г1араб ц1аларал г1адамазул цого-цо Г1алисултанов Г1амирг1али вук1ана доб заманаялда Алмахъалда жинда хъвазе ц1ализе лъалев чи. Гьебги г1арабалъ ва г1ажамалъ х1алт1улев т1оцересел г1алимзабазул ученик. Хадусан раккун рач1ана «Къураби» ц1ализе рагьарал чанго точкаби. Байбихьана машк1италда «Мутаг1илзаби» абун г1адамал ц1ализаризе.

Октябралъул Социалистияб Революциа.
Октябралъул Социалистияб Революциалдаса хадуб щвана цого, Алмахъалда т1оцебесеб гали гьеб нухда лъезе рес. 1925-аб соналъ Алмахъалда рагьана 1-аб школа цоабилеб классалда программа бугеб. Гьенив т1оцевесев учитель вук1ана Дылым росолъа Х1ажиев Г1изудин. Гьенир ц1алулел рук1ана т1олго 27 ц1алдохъан. Гьезда гьоркьор 3 яс ц1алулей йик1ин росдалго г1адамазе г1адлъун ккана, щайгурелъул гьединаб ихтияр руччабазе кьолареб бук1ун. Гьелги рук1ана: росдал дибир Балгишиев Сахрудинил яс, Къебедов Дадал /ишалде кант1и бугев ц1одорав чиясул/ яс, ва председатель с/совета Солтамирзаев Баймурадил ясги.

РУК1А – РАХЪИНАЛЪУЛ  РАХЪАЛДАСАН:
Цебеккун нилъеца бицахъего к1удияб г1ат1илъи бугеб территориялда рат1а-рат1а т1ун ран рук1ана т1ад щег1 гьеч1ел рукъзал. Горда лъолеб ц1ар щибжояли лъалареб бук1ун, канлъуе тарал къваридал карт1ал рук1унаан т1охдасан ва къадалдасан. Квачараб мехалъ ва къасе-къасе т1агъур ялъуни цогидаб палас къазабун бахчулаан. Лъукъабго рукъалъул т1аде ракь бараб т1ох ц1ад барабщинахъе гъоркье ц1ад чвахулеб бук1унаан. Рукъоб жаниб хинлъиялъе базе печь щибжояли лъидаго лъалароан. Рукъалъул къадалдасан эхеде гьабураб хасаб ц1а бакулеб бак1алда /тавхан/ г1одоб бакараб ц1еца хъизаналъе кинаб бугониги хинлъи кьолароан.
Рукъоб лъезе краваталъул ц1арцин гьеб мехалъ лъалароан. Квание х1алт1изабулеб ва цогидабги х1ажат т1оболел рукъалъул т1аг1елалъул рук1ана жидецаго чархги лъун ххалел х1аччал, ц1улги буц1ун гьабулеб гел, сурк1а ва Балхъарисез бач1ун бичун босизе к1варасе щолеб щаг1ил т1аг1ел. Рокъоб канлъуе бакулеб чирахъ росдал халкъалда щибжоялиги лъалароан. Къасе рукъоб канлъи «гъасда» /ц1а бакулеб хасаб бук1он/ бакараб ц1ел бук1ана. Сардида бокьоре х1айваналде ва цогидаб х1ажаталде ине ккани канлъуе ц1улал хъвалхъарал ч1орал «Бал-бахъ» гъот1ол хъал, канал х1адур гьарун рук1унаан. Нарт щибжояли лъалароан. Ахир нарт баккидалги чирахъ лъаларого т1оцебе гьеб х1алт1изабула щаг1ил сурк1инибе бараб рахъдаде т1аде гьебги т1ун гьелда ц1аги гъун. Нахъаялде ч1обогояб шишадал чирахъ гьабизе лъана. Г1адамас рет1улеб жо бук1ана цого квасул кунги гьабун руччабаз бессулеб сугъур ва къехь. Т1омол гьарурал хьиталги.
ДАРАН  ГЬАБИЯЛЪУЛ  РАХЪ:
           1890 аб. соназ Хасавюрт махул нух лъезег1ан т1олго Дагъистаналдаго дармилаб бича-хаси Грузиялъул добасан бач1унаан. Гьелдаса ц1акъго рич1адаб Алмахъалде гьеб г1унт1улароан. Алмахъазда щиб жояли лъалароан прмышленносталъул къайи. Эбелалъ бицунаан /гьей хвана 102 сонги бан, 1960 соналъ/. Алмахъ росоги бух1ун рич1аде гьаруралгун арав жиндир инсоца рокъобе поссылкаялда бит1ун бач1араб 2 туп «Сибир к1аланч1ад» абулеб ххам бихьизе цоцахъе хьвадизабун г1езег1ан мехалъ рокъоре руссинч1илан. Алмахъал хьвадулеб цогидалги хьвадулел бищун рич1адаб базар бук1ана Андрейаулалда. Гьебги бук1ана Астраханалде хьвадулел гьенир рук1арал купецазул /ростовщиказул/ бет1ерлъиялда бугеб базар.
          Хасавюрталде ине лъалев чи Алмахъалда вук1ана цого Хъазанбиев Сота цинги хадур Бити ва цогидасги ругьунлъана. Хадуб ккун бук1аниги чанго раг1и абизе ккола халкъалъе унтаразе дару гьабиялъул рахъ гьеб заманаялда Алмахъазул бук1инего бук1инч1илан. Киг1анги гьит1инаб ругъун щваниги г1адан холаан. 2 сантиметраялъ бохалъул мач1алда хонжрол т1огь х1унчун хвана Алмахъалдаса Джантемиров М.. Унтаразе дару гьабулаан, «сабабал, гьайкарал» хъвалаян динияб г1елмоялъул ц1аларал чаг1аз. 60-65 сон гьанжеялдаса цебе Алмахъалда багъарана «Холера»-/вабаъ/ унти. Цо къоялда жанив 7-8 чи хваравги къо бук1унаан. Гьеб унтие тохторасулаб кинаб бугониги кумек бук1инч1о. Рух1анияб агьлоялъ гьелъие дару гьабулаян абун росдал раг1алда борхат ккараб ракьул бак1ги борлъун гъоркьан карат1 гьабуна. Гьеб карт1ил цояб рахъалда «дуг1а гьабураб лъел» «хьагал лъуна». Гьелда аск1ов дибир г1одов ч1ана. Кинабго халкъ гьеб ракьул карт1инисан цо рахъалдехун лъугьинабуна ва к1удияб ц1илц1ицагун гьезде т1аде лъин щвана дибирас. Амма жиндирго гьабулеб т1обан курс лъуг1ун горо «вабаъ» унти халкъалда гьоркьоса инч1о. Гьеле гьединал фактаз бицуна доб заманаялъул бук1араб сурат. Гьеле гьединаб ч1унтараб яшавалъул зах1малъабаз ва зах1матаб г1умруялъул инжитаб х1алалъ Алмахъазул г1адамал унго-унголъун лъадарана.
Цебе нилъеца бицараб зах1малъиялда г1умру гьабурал Алмахъазул г1адамал, жидеда гьоркьор ц1ик1расеб бут1а батракал, беднякал ругеб В.И. Лениница жидеде «рашдал пролетариал» ян абун абулел рук1арал рекьарухъаби ругеблъун бук1ана. Ц1ик1араб къадаралда гьез бет1ер бахъи чияр ракьазда мухьдахъ гьабулеб х1алт1удалъун гьабулаан. Киналго зах1малъабаца гьел, зах1малъабаздасан рорч1иялъе мустах1икъаб нух балагьиялъул ахиралде цулел рук1ана В.И. Ленинил бет1ерлъиялда гъоркь. Большевикаца Социалистияб революциялде цолъиялде ах1улел гьаркьал т1олго Россиялъул киналго бук1назда т1ибит1ан ва гьеб Алмахъаздаги раг1инч1ого хут1изе рес бук1инч1о. Пачаясулаб х1укуматги т1аса рехун Советияб х1укумат г1уц1иналда Алмахъазул халкъ хехго сверун гъункун ч1ана. Ц1ияб революциялъул нухдасан гьел ана.
ДЕНИКИН.
Большевиказул лъак1да хадур ва гьезул лозунгазда гъоркь. Г1олохъанаб Совет власть бихизабизе помещиказул ва капиталистазул власть т1ад буссинабизе рагьулал къуваталги г1унц1ун къват1иве вахъарав пачаясул генерал Деникинил г1ужум т1аде г1агарлъулаго, большевиказул ах1иялда рекъон Алмахъал гьесде данде ч1езе х1адурлъана. Рокъор рук1арал цо-цо г1акаги кьун туманк1ал росана, ахирал т1ощалил къалалги кьун патронал росана. /Туманк1алъул багьа 1 г1ака, 100 патрон цо къалиялъухъ т1ощалил/. Г1акаги горебха т1олгоязул бук1араб ва т1ощелги хъизаналда гьоркьоб 10 къали бугев чи рос-росдалго 10-цин вук1ун ватиларо. Хасавюрталде Деникинилал щвараб мехалъ алмахъазул 95 партизан къват1ире рахъана гьезде данде ч1ей гьабизе. Гьезда гьоркьор рук1ана лебалал ва х1инкъи лъаларел партизанал:
Асуев Садах1ажи, Эменаев Халил, Батирбиев Абдугъапур, Г1адуев Мирзахан, Джанбулатов Идрис, Гъазиев Г1алиасхаб, Саипов Мух1ммад ва.гь.г.ц. Гьенир Деникинилазде данде гьабулеб рагъулъ ч1вана бах1арчиял партизанал: Асуев Садах1ажи, Эменаев Халил, Батирбиев Абдугъапур, Г1адуев Мирзахан. Зах1матго лъукъана Сармирзаев Ама, Рурух1маев Г1умарилав. Гьел бах1арчиял партизаназда гьоркьор рук1арал лъик1ал васал Байбулатов Занки ва Гъубаханов Тавсултанги, партизаназулгун гъачахъазул цуцазда гьоркьоб ккараб рагъда 1934 соналъ ч1вана Совет власталъе г1оло. Гьебго ишалъул хадур ч1еялъ ч1вана Г1абдурах1манов Сайпудин.
Х1оцоса Нажмудин.
Алмахъазул г1адамазе рокьухълъана г1олохъанаб Совет власталде данде ч1ун контреволюционеразул къват1ир рахъинал. Контреволюционер Х1оцоца Нажмудинил, Узун х1ажил ва гь.г.ц. Гъачагъазул рахъиналда гьел данде ч1ана. Алмахъазул халкъалъул жиндехун бугеб рокьокълъи лъарав Х1оцоца Нажмудин, Алмахъазул росо къот1ун Мичи-хичиялъе унаго, к1удияб квасул т1аргьинивгилъун оцазул чангъида  ана, «Т1ощел буго» ян абун. Алмахъазул даздахъе гьев Маг1арухъан гъоркье г1орц1мада рек1ун вач1ун вуго. Гьев вук1ана Дагъистаналдаго машгьурав контреволюционер г1ияхъан ва помещик. Баянаб буго кодове щвани Алмахъазул партизаназ гьев арест гьавизе вук1ана.

1925 аб соналъ т1оцебе Алмахъалда рагьараб школалда вук1арав учитель гьалмагъ Х1ажиев Г1изудинихъе ц1ализе унаан ниж. Нижер лъай к1вей ккана Социалистияб улка баялъе кколеб х1алт1абигун. Нижеда бич1унаан гьел х1алт1абазе бет1ерлъи гьабулеб бук1ин Комунистияб партиялъул ва Ленинилаб комсомолазул г1уц1абаз. Алмахъалдайин абуни гьезул цонигияб бук1инч1о.
ВЛКСМ.
1929 соналъ росдал г1олилазда гьоркьосан 12 яв цолъана ленинилаб комсомалалъул мухъилъе. Гьезул ячейкалъул секретарлъун дунги вук1ана. Т1оцебе цебе ч1араб масъала бук1ана, доб заманаялъ Коммунист партиялъ цере ах1улеб бук1араб культурияб революция цебе бач1и. Т1оцебе росолъ рагьараб школалдасан хъвай-ц1али лъарал г1олилазул бет1ерлъуда ч1араб комсомол организациялъ гьеб ишалъе бет1ерлъи гьабуна. 12 комсомолец культ.
Армейцаллъун лъугьана ва 1930-32 сонабазул г1адамазул 80-90 хъвай-ц1али лъалеблъун лъугьана.
Колхоз.
1930 с. ихдал байбихьана росолъ колхозияб г1уц1иналде. Комсомолаз росолъ колхоз г1унц1изе х1укму гьабуна, гьел ккола т1оцересел колхозникалги. Гьеб комсомол организациялъул членал рук1ана: Х1айдарбегов Г1абдурах1ман, Г1адилгереев Г1адилгере, Асх1абов Назир, Учуев Бат1ал ва гь.г.ц.
Т1оцебе комсомолалъул бет1ерлъиялда г1уц1араб гьеб колхозалда т1оцебесеб къоялъ лъугьана 22 хозяйство. Гьел рук1ана бекьизе ракь гьеч1ел, хьазе хьон гьеч1ел, оцал, кутан гьеч1ел рашдал пролетариял ян абулеб къукъаялъул г1адамал. Гьеб колхозалъул членазулъул членазул т1оцебесеб собрание ах1ана комсомольцаз, собрание рагьана ва к1алъай гьабуна ячейкаялъул секретарь дица. Гьеб колхозалде ц1ар лъуна «25 Октябрь» абун. Гьелъул бищана правление, председатель. Председательлъун вищана Генжабаев Джамалдин. Учетчик правлениялъул дун вук1ана вищун. Колхозалъе 12 гектар г1анаб ракь кьуна жамаг1аталъул гьоркьосеб ракьул площадалдасан. Гьеб ракь бегизе кумек гьабуна оцал, кутаби кодор ругел г1адамаз. Хьазе хьон кьуна росолъ бук1араб кресткомалъ /рекьарухъабазул комитет/.
Колхозалъулаб г1уц1иналъе къезаризе зах1матал квал-квалал ва данде ч1еял рук1ана. Контрреволюционеразул квешал агитациябаз ва гьезда божулеб росдал г1адамазул цо къукъаялъги, гьединго динияб г1елмуялъул г1адамацаги, жидер къадар ц1акъго дагьаллъун рук1арал кулаказ ва гьезул рахъ кколезги гьелъие квал-квал гьабулеб бук1ана. Гьезул гьел данде ч1еял ч1инт1изаризе кьварарал тадбирал гьаруна комсомолазулаб организациялъ. Гьеб горебги гьеб ишалъе цогиги зах1малъи бук1ана «гектар, содих, гъинкъо, норма выработка» ян абураб жо щибжояли лъалев чи цониги, росолъ горебги районалдагоги вук1инч1о.
РКП \б\.
1932 соналъ Алмахъ росолъ партиялъул кандидатазулаб группа г1уц1ана. Гьеб г1уц1ана дида жив гьанчиги щивали лъаларев, цо т1асияб рахъалдасан вач1арав чиясул кумекалдалъун. Гьеб къоялъ списокалдалъун цо къоялъ комунистияб группаялде цолъана 32 чи. Гьезда гьоркьоре ана дол т1оцересел 12 комсомолалги. Кинабго зах1малъи къезабизе к1вана 1940 соналда. Алмахъ росдал доб цебе нилъеца бицараб гореб къуч1дасанго бат1аяб лъугьана.
1940 соналда Алмахъ росолъ бук1ана бат1аяб сурат. Росолъ бан бук1ана школа. Гьенир ц1алулаан 600 ялдаса ц1ик1ун ц1алдохъан. Гьезул жидерго росолъан вук1ана 10 учитель. Гьез росолъ бан бук1ана гидроэлектростанция, бан х1алт1изабула бук1ана жинца лъаг1алие 100000 щег1 кьолеб щаг1ил завод, жидерго рук1ана гьелъул мастерал. Алмахъалда 612 хъизаналъул бук1ана 4 колхоз: т1оцересеб «25 октябрь» колхоз, «Ленин», «Сталин, «Молотов» ц1аралда.
Щибаб колхозалда цебе бук1ана партиялъулаб организация. Рижун рач1ана жидерго кадраби – бухгалтерал счетоводал. Цинидасанго цебе т1уна хурухъанлъи ва ахихъанлъи. Рукъалъулаб рук1а-рахъиналъул бат1аяб сурат ккана: к1очон тана доб цебе рет1улеб бук1араб сугъур, кьехъ ва т1омол хьит. Киназго рет1ана т1асан ва гъоркьан рет1ел, к1очон тана доб цебесеб ракъи щиб бук1арабали. Кинавго чиясул рокъоб гьарзалъана х1ажалъиялъул ва берцинлъиялъул къай. Гьединаб гьеб цебет1ей щвана Коммунист партиялъ г1уц1арухъанлъи ва цебехъанлъи гьабулеб Совет власталъул 20 соналда жаниб. Гьеб хьуладецин бач1ун бук1инч1о нилъеца гьаб лекциялда бицунеб бугеб цебесеб 1000 ялдаса ц1ик1ун сон ч1аго бараб Алмахъалда.
 
ВАТ1АНАЛЪУЛ К1УДИЯБ РАГЪ  ВА  АЛМАХЪ.
Ват1аналъулаб к1удияб рагъул заман байбихьараб мехалъ гьеб росдал г1адамазул к1удияб рах1ат хвана. Гьезда цебе ч1ана доб жидесеб цебесеб зах1матаб г1умру. Нахъ буссун гьеб г1умру т1аде бачинеялъе г1оло ярагъ кодобе босун къват1ибе бахъараб Гитлерилаб фашизмалдехун гьезул хъач1аб ццин багъарана. Коммунистияб партиялъул ва Советияб х1укуматалъул ах1иялда гьел хехго сверухъ цолъана. Ват1ан ц1униялъе жидерго къуватал данде цолъизе гьаруна. Алмахъ росолъан 1000 ялдаса ц1ик1арав чи ана ярагъги кодобе босун тушманасде данде рагъ гьабизе. Гьенир гьел кьварарал рагъазулъ г1ахъаллъана югалъулаб, севералъулаб ва Централияб фронталда. Рак1алде щола цо жинца  снайперасулаб туманк1 кьвагьун 88 фашистияв рагъухъан ч1варав солдат Джансуев Шайихмух1ама.
Немцазулал фашистазул аскараз Волгоград сверун ккураб мехалъ, коммунист партиялъул ва Совет Х1укуматалъул ах1иялда рекъон добровольно фронталде ана Алмахъазул росолъа 200 ялдаса ц1ик1ун г1олохъанчи. Гьезул чангоял къурбанлъана Волгоградалъе г1оло гьабулеб рагъулъ. Гьезда гьоркьоре уна баг1арав партизанасул вас Г1алиасх1абов Гъазимух1мад, гьесул гьалмагъзаби Къадиев Адильгере, Хъирингишиев Наби ва гь.г.ц. Ват1аналъулаб рагъулъ заманалда гьарурал бах1арчиял х1алт1абазе г1оло фронталда ва тылалда орденал ва медалал росарал гьалмагъзаби Алмахъазул г1емер руго …
Рагъулаб заманалъул зах1малъаби бигьаго гуро кинабго нилъер халкъаз х1ехьарал. Алмахъ росдал г1адамацаги гьел зах1малъаби къулч1ана. Рагъулал къварилъабазул зах1матаб х1алалда т1адеги мич-хичазул жулик1аз жидер бет1ергьанлъи тала гьабиялъги гьел квешал къварилъабазде ва ракъиязде т1амуна. Амма рагъул ахираб соналде гьел х1ал хисич1ого рач1ана. Ват1аналъулаб рагъул ахираб заманалде Алмахъ росдал хиси ккана. Чачаназул область выселить гьабиялда бан партиялъ ва х1укуматалъ Алмахъазул Колхозалдасан З-яб гочинабуна гьезул 2 яб «Молотов» ва «Ленин» колхозал гочинаруна Юртгъавухъ /гьанже Калининаул/ рособалъее. Колхоз «Сталин» /гьанчи О.П.Х. «Дружба»/ гочинабуна Ахъташг1авухъ /гьанже Ленинаулалде/ гочана 1944 с. апрель моц1алъ. Рагъулал соназул ахиралдаса жакъалъаг1анги алмахъал коммунист партиялъ ва Совет власталъ цере лъурал мисалаби бергьенлъиялда т1уразарулаго церехун рач1ула руго.

Рак1алде ккола росдал халкъалъул жакъасеб г1умру бициналда т1ад ч1езе ккелариан, щайгурелъул гьеб киназдаго берда цебе бугелъул. Гьале гьанжеги дунялалда лъик1го х1алгун буго дунялалда коммунистияб режималде данде цидалго балагьулел г1адамал. Гьел руго бат1и-бат1иял капиталистиял улкабазда. Гьезие бет1ерлъи гьабулеб буго США ялъул х1укумат хьвадизе гьабулез. Гьез чанго бат1и бат1аял планал гьарула ва т1алабал гьарула жидер гьеб х1аракат цебехун бачине. Гьезда гьеб гьабизе к1везе гьеч1о, щайгорелъул бехе г1одоблъиялде чвахулеб лъин нахъ буссун мугрузде чвахизе рес гьеч1елъул. Инсанияталъул  историялъулаб законияб цебе ин нахъ буссинабизе к1олеб кинаб бугониги къуват гьеч1о ва бук1инеги гьеч1о.
Гьезул планал к1ала гъоркье руссун иналъул бай бихьи жинца бицунеб факт буго Америкаялъул территориялда бегеб Кубаялда ккараб лъугъа-бахъан. 1963 соналъул 23 маялда Москваялда Советиябгун Кубаялъул гьудуллъиялъул митингалда гьал Фидель Кастроца гьабураб к1алъаялдасан гваггъунго бихьула Кубаялда революция бергьин США ялъе бокьун гьеч1олъи. Гьесие рес ккеч1олъи цебехун ина бугеб история нахъ буссун ккун ч1езе гьабизе. Кин бугониги тушманасда заманалъе квал-квалал гьаризе к1ола. Дунялалъулго халкъал киналниги нухаздасан Социалистияб ва Коммунистияб общество баялъул марксилаб ва Ленинилаб ина буго. Гьеб гучаб халкъалъул къуваталда цебе гьеб нух къан ч1езабизе к1олеблъун гьеч1о гьанжесеб, жиб къо анаг1ин, заман анаг1ан заг1иплъиялде ва хвалде ина бугеб дунялалъул гьанжесеб капитализм ва гьелде гьоркьоб США ялъул х1укумат хьвадизабулелалги. Дунялалъул зах1мат халкъалъул цебехун унеб нухда, гьелъул нух бачунеб цебехъанлъун гвангъизабулеб ц1валъун ва квер кколев кумекчилъун буго дунялалдаго т1оцебе гьеб нухде лъугьараб нилъер Советияб улка. Соц.обществоги бан гьеб, Коммунистияб общество баялъул нухдасан ч1ах1иял галабиги т1амун цебе ина буго. Гьеб улкаялъ  киг1ан к1удияб гали гьеб нухдасан цебе т1амуниги, гьедег1ан к1удияб галиялъ нахъе рехула Соц. Лагералъул тушбабилъун кколел империалистазул къастал ва къуватал. Гьеб кинабго бараб бугонилъел совет х1акъалъул ва гьезде гьоркьоб нилъерги бах1арчияб зах1маталда. Нилъ жеги гъункунго цолъила ва щулалъила коммунистияб партиялда ва Совет власталда сверухъ. Щола гьабила ват1ан.
Нужеда лъай, г1олилал нилъер ч1ах1иял чаг1аца г1емер абула «Гьанжесел г1олилазда нилъ цереги гьадинго рук1аралин кколеб батила» ян. Гьезул гьеб бит1араб рак1алде щвей буго. Жакъасе г1умруялъе г1оло нилъер умумуца г1емераб зах1мат баччана ва г1емерал биялги т1уна, чанго къурбаналги гьаруна.
 Гьаб цебе бицаралдаса т1убанго т1олго гореб, цо къадаралъ цебе ч1ола нилъер Алмахъ росо кин бижараб ва кин гьеб г1ун бач1арабали. Г1емерал веказ нилъер умумузда рихьарал ва гьез раччарал зах1малъаби нилъеда, щибаб нилъер галуда рак1алда рук1ине ккола ва гьелги рак1алда ц1унун нилъ коммунизм баялъул рук1унел зах1малъаби къезаризе къвак1ун ч1ела ва цере ина.

РУКОВОДИТЕЛАЗУЛ ХИС-БАС.
1. 1930-1931 с. апрель -пред. к/х    Генжабаев Джамалдин, счетовод   Газиев Омар-Асх1аб.            
2. 1932-33 с.   пред. к/х   Солтанмирзаев Баймурад   счетовод   Газиев Омар-Асх1аб
3. 1933 с.        пред. к/х    Газиев Омар-Асх1аб к1иябго цадахъ счетовод
4. 1934 с.        пред. к/х    Амаев Магомедгаджи  счетовод    Газиев Омарасх1аб /Газиев О. Балъгояб терроралъ туманк1 реч1ун лъукъана/.
5. 1935 с.        пред. к/х    Гъазимух1мадов Шеппи, счетовод    Амиров Вали
6. 1936-37с.    пред. к/х    Идрисов Аги, бухгалтер   Гъазиев Омарасх1аб
7. 1937-38     пред. к/х     Джанбулатов Идрис, бухгалтер    Гъазиев Омарасх1аб
8. 1939 с.   Гъазиев Омарасх1аб секретарь партгруппы. /Партиялъулаб группа/ ялде ругел кандидатал 32- чиялдасан. 1934 аб. Соналъ партиялъул чистка гьабун нахъе рехана 27 – яв. Партиялда хут1ана 5- яв.
 Гъазиев Омарасх1аб, Г1адилгерев Г1адилгере, Джанбулатов Идрис, Асх1абов Назир, Идрисов Аги
 ( нач. 12 стр.) … соналъул декабрь моц1алъ ч1вана С.М. Киров роси ва …нлъиялде перевод гьаризе гъукъана. С.М. Киров ч1варав чи, чисткаялъ …тиялда тарав коммунист вук1иналдп бан. 1935-36 соназ бук1ана партиялъул х-во проверка гьаби. Гьеб гьабизе Казбекалде вач1ана Н.Самурский. Секретарь Обкома КПСС. Гьеб проверкаялда Самурскияс партбилет ана Идрисов Агихъа. Гьеб мехалъ Казбекалдаго хут1ана 72 коммунист. Алмахъалдаги 4 коммунист, ункъавго кандидат, 1937-1939 соназин абуни 3 чи: Газиев О., Г1адилгереев Г1., Асх1абов Н.
           1939 аб. Соналъ т1оцеве ВКП/б/ ялъул членалъун перевод гьавуна Газиев О. Перевод гьавулаан райкомалъул бюроялъ. Къабул гьавулаан Обкомалъул бюроялъ. Секретарь Обкома гьеб мехалъ вук1ана Сорокин. 1940 аб. Соналда Газиев Омарасх1аб бет1ералда вугеб партгруппаялде росана 16 коммунист. Колхоз бикьана ункъиде. 1 аб к/з 25 Октябрь, 2 аб к/з им. Молотова, 3 аб к/з им. Сталина, 4 аб. К/з им Ленина. 1941 аб. Соналъ рагъ байбихьана. 1944 сон чеченал выселить гьаруна. 1944 соналъул апрелалда Алмахъалдасан Юртг1авухъалъе гочинабуна к/з Ленина ва к/з Молотова, Акташг1авухъалъе гочинабуна к/з Сталина. Алмахъалда хут1ана цо к/з Октябрь. 1932-39 сонабаз Алмахъалде къват1исан рач1ана г1емерал руководителал. Председатель с/с Гертмаялдаса Эмечев Мух1амад. 2. пред. с/с Гъосталаялдаса Х1жикмаев Абакар. Парт орган. 1 Ц1обокьа Уцумиев Али. 2. Ц1обокьа Х1ажи дада. 3. парт.орг. Хубаралдаса Х1алин, 4. парт. Орг.  Хубаралдаса Къоркъмасов Ах1мад, 5. --- Буртунаялдаса Сатираев Т-гере. 6. --- Дилималдаса Къасумов Х1ажияв. 7. --- Дилималдаса Мирзаханов Мирзахан. 8. --- Маг1арухъа Г1. Г1абдурах1ман. 9. --- Хасавюрталдаса чачанав Г1алиев Г1иримхан.
 Гьал чаг1и къват1исан рач1ине ккеялъе г1илла буго: Пред. с/советал, Алмахъаз цоцада т1асан гьабулеб мац1ица теч1ого. Парторгалин абуни 1932-39 соналде щвезег1ан Алмахъалда парторглъун тезе цоцин партиялъул член вук1инч1о. Цо вук1арав член Алхуват чисткаялъ рехун вук1ана /1934с/.

Аслияб х1алалда Дагъистаналъул ва Маккаязулаб Ислам т1ибит1изабулезулгун ккараб лъугьа-бахъиналъул къисса босараб буго Дагъистаналде Маккаялъулал чабхъадулазул бет1ерав Шайих Ах1мадица г1араб мац1алда хъвараб брошураялдасан. Гьеб хъвай-хъвай бук1араб Г1алисултанов Г1амирг1али-х1ажихъ. Гьеб дихъе щвана Генжабаев Джамалдинихъ батун. Г1арабалдасан г1ажамалде дие гьеб перевод гьабуна Генжабаев Джамалдиница ва Мух1амадов Гъоймирзаца. Цогидаб Алмахъалъул история дие бицана 17 цересел ч1ах1иял ва гьезда гьоркьой 102 сонги бан хварай эбелалъги. Данде гьабуна Алмахъ росулъ Г1умарасх1аб Гъазиевас.  1963 с.          

\Справка:
Получил у Бекмурзаева Наби из с. Бавтугай.
\перепечатал  Г.Г.Р. г. Махачкала в июле 2004г.\.
Передал в перепечатанном виде Бекмурзаеву Наби \Бавтугай\ - 30.7.04г..
-Салихову С.А. – 30.09.04г.