Алмак. Фронтовик Абдулхаликов С

Гаджимагомед Гаджимагомедов
                Саг1дула


Саг1дула рагъде ккана 1943 соналъ. Гьесул рагъулъ ккарал цо-цо лъугьа-бахъинал дида лъана гьесул васал Г1абдухаликъицаги Г1абдурах1маницаги рицун.
  …Ворч1уда ругьунав Саг1дула, цо-цо макьу гьуинал г1урусазе г1емер рек1ее г1олев вук1ун гьеч1о, Туркав абураб ц1ар кьун бук1ун буго гьесие гьез...Цо-цо гьужумалде инелде цебе г1аракъи кьолеб бук1ун буго рагъухъабазе гьекъезе, гьеб Саг1дулаца гьекъолареб бук1ун гьеч1о. Хадусан, командирасда гьеб лъан, ц1ех-рех гьабизе вачунги ун вук1ун вуго Саг1дула органаз…
  …Нилъер рагъухъаби рук1уна борхатаб ц1оросаролъул хурир, х1ухь бахъуда,гьеб хуриса бак1арун цо-цо х1ажинк1аги(ц1оросаролъалъул початка) бук1ана щияв рагъухъанасе бикьун, квание. Амма гьеб бит1а-бишун бежун бахъинч1еб мехалда, тохлъукьего, гъура- чункулаго ц1оросаролъгун гьазде немцал т1аде к1анц1ула… Гьениб щола Саг1дулада боххалда гула. Гьес, т1ирун ч1ун, х1аракат бахъула  г1одов ккеч1огон ч1езе, лъукъарав живго нахъе к1анц1ула ругел нилъеразда вихьич1огон хут1илевилан. Кинго аск1ове щола вук1арав немцас кьвагьун Саг1дула г1одов кола. Хадубги нилъераз гьужумги гьабун ккараб рагъулъ, лъукъун вегун вугев гьасда аск1об кьвагьула мина, гьелъ к1удияб ругъун лъола цогидаб бохалдаги.Гьенив цадахъ вук1арав Мух1идинил лебаллъиялъулги бицунаан гьес… 
  Г1емер заман бахъула Саг1дулаца госпиталалда.Ц1акъго, доб бухьараб цояб бохалъул ругъун, букарун ч1еч1огон, къват1ивехун лъугьун, врачасул ихтияр гьеч1ониги, бинт    ругънадаса бичула гьес, гьеб батула х1апара- шушурги бан. Аск1осан инев вук1арав госпиталалъул к1удиясда гьеб бихьун, гьев аск1ове вач1уна, бала-гъалагьунги вук1ун, кагътиде т1аде гъенезарун, ругънада ран рук1арал шушралгон уна гьениса. Дов тохтиразул к1удияс бахъинабураб ах1и-х1уралъ, Саг1дуладехун бер-балагьи ц1ик1к1инабула…
   Квешго унтун, кваназе квен бокьуларого зах1мат вук1аго, медсестраялъ, жиндего квание щолеб бук1араб, бетараб рахь (г1умруялъго бетараб рахь гьесул дарманлъун бук1ана) кьун, гьав сахлъизе лъик1аб квербакъи гьабула…
  Госпиталалдаса, лъик1го халат бахъараб заманаялъги вегизавун, анлъго моц1алъ рокъове вит1ула Саг1дула…Хасавюрт станциялда гъоркье рещт1арав, костилазда вугев гьасда росуцояв Мух1амад ватула, х1ама нахъаги ц1ан гьенив. Данд ч1ваялдаса роххун, гьикъа-бакъиялда рук1аго, Мух1амад лъугьуна Саг1дула х1амидаги рек1инавун Алмахъалде щвезавизеян. Унтарал бохдулгон жинда х1амида рек1ун бажаруларилан гьав ч1едал, Мух1амадица абула, рагъде ара-аразул актал гурони рач1ина гьеч1еб мехалъ, х1алалъ рагъдаса щварав мун гъоркьги тун, жив гьаниса нахъе унарилан. Х1амида Саг1дула рек1инавун, к1иябго костиль гьесие г1одоб тункизабизе санаг1алъиги гьабун, гьал росулъе рагъарула. Ахъташг1авухъги тун,  лъарахъе щведал, гьенир ратула гьазда, лъаралда т1асан бугеб кьо къач1алел, гьеб росдал г1адамал, т1аде щун рач1арал рагъухъабазул кверщалида гъоркь. Гьениве щварав Саг1дулае, ц1ех-рех гьабун, рагъул бугеб х1ал гьикъа-бакъун, к1удияб х1урмат гьабула рагъул солдатаз. Юртаг1авухъ тезег1ан цадахъ рач1уна гьел, гьав к1иявго чи нухар лъезе. Ракъараб заман бук1ун, солдатаз, рат1алъуде щведал, къвач1а ц1ураб бакъвараб гьанги ханжуги кьола бук1уна Саг1дулае.Гьел, армиялъул гурел, кванил сурсатал рагъул солдатазе киса щвеялда щаклъарав, Саг1дулаца баркалаги кьун инкар гьабула кванил сайигъаталдаса, солдаталги гьеб квен гьас босунгурт1иялда тамашалъун хут1ула. Г1умруялъ х1арамаб жоялдаса живго ц1унарав чи вук1ана, мунагьал чураяв Саг1дула, бицунеб хабарги гьесул, ургъун бицунеб, мух1канаб бук1унаан…
  Рагъде инелде цересел соназ чанахъанлъи гьабулев, г1ужилав кьвагьдохъан вук1ун вуго Саг1дула. Цо къоялъ Чортоялде Г1умариласухъе щвезе вач1арав Саг1дуладе лъазабун бач1уна цояс, Буртинаялдаса гьалбал ругила рач1ун, къец бан г1ужде кьвагьдезе, гьенив г1ахьаллъизе, хехго Висаитил щобде т1аде щвайилан. Доб заманаялда кьвагьдеялъулъ бергьенлъи боси бук1ана кутакалда къиматаб жо, къарас бергьарасе кьезе кколан жиндирго туманк1, гьеб туманк1ги лъик1 багьа кьун гурони бичун босизе щолеб жо бук1ун гьеч1о доб заманаялда…Г1ужде кьвагьизе къец баразул къот1и ккола, зодиб борхалъуда сверуда сверун боржуна бугеб ц1ум г1ужде босизе. Цебе кьвагьарав гьоболасул гула г1уждаса алхуна. Гьесдаса хадуб кьвагьарав Саг1дулал гулаги щун, ц1ум г1одобе парпадилаго бортула…Къецалъулъ бергьарав гьас, гьоболасул туманк1 босизе инкар гьабун буго, дуца бук1арабани, мунго бергьун хадуб, дир туманк1 нахъе инаанилан гьесдеги абун.