Алмак - фронтовики. Магомекамиль Магомеднуров

Гаджимагомед Гаджимагомедов
О фронтовике Магомедкамиле Магомеднурове

(на аварском языке)


НАМУСАЛДА  РЕКЪОН  ВАГЪАНА.
стр. 75.
Нилъер г1умруялда, хасго гьанже заманалда 7 классалъул ц1алдохъанас рагъулаб комиссариаталдеги ун жив армиялде вит1еян аби бук1унареб жо буго. Амма Ват1анияб рагъ байбихьараб заманалда гьедин абулел г1олохъаби г1емер рук1ун ратизеги бегьула. Гьединаздасан цояв вук1ана Алмахъ росулъа Мух1амаднуров Мух1амадкамил.
Рагъ байбихьараб соналъ Дилималда бугеб школа – интернаталъул 7 классалда ц1алулев вук1арав гьев, гьоркьор моц1ал риччан чанго нухалда районалъул рагъулаб комиссариаталде щвана ва тушманасдаса Ват1ан ц1унизе живго вит1еян гьарана Армиялде ах1улеб г1ужалде вахун гьеч1ин абун гьев щибаб нухалда нахъе ч1вана. Мух1амадкамилил къвак1ун ч1еялъ ахирги х1асил кьуна. 1942 соналъул 16 марталда рагъал унел рук1ана ч1ег1ераб ралъадалъул Анапа шагьаралде вит1ана.
Анапаялде щун хадусеб къоялъ часталъул командир вач1ана ва 7 классалъул лъай бугел рат1а гьаруна. Гьезде гьоркьове ккана нилъер ракьцоявги. Гьезде абуна нуж Турциялъулгун бугеб г1орхъоде щвезаризе ругин, амма рит1ана гьебго Ч1ег1ераб ралъдал раг1алда бугеб Керчь шагьаралда аск1обе бугеб башдаб ч1инк1иллъиялде. Гьениб т1оцебе г1ахьаллъи гьабуна чидар ракьал рахъулезулгун унел рук1арал рагъазулъе. Тушманас ц1ик1к1арал къуватал рехун рук1ана Крым бахъиялъе. Бакъул нур свинедухъ рач1арал самолетаз бомбаби рехун хадуб гьеб гьайбатаб ракьалъул шагьаразде, росабалъе лъугьунаан немцазул танкал, лъелазул аскарал. Гьужумал рук1унаан ц1акъго гучал.
Цо нухалъ гьалмагъзабаздасаги ралъдал, раг1алдасан унаго М-к. Мух1амаднуровасда рач1унел рихьула к1игоял. Гьел немцал ратилин ккун салулъ вахчарав гьесда т1аде шола Алмахъалдаса Салманов Каримги ва Буртунаялдаса Ах1мадов Гъириги. Каримил гъеж бугоан зах1мат лъукъун. Жалго гьениса рорч1изелъун бахъана цоясул гъоркьан горде, гъежалъул ругъунги бичун бач1араб биялъ гьеб баг1ар белъана ва гьеб «байрахъ» цо гъайихъалдаги ч1ван, туманк1азул хъундахъаз лъимги халаго унел рук1ана. Гьениб т1аде бач1араб нилъер цо гамаялъ Анапа шагьаралде щвезаруна.
Гьелдаса хадув М-к. Мух1амаднуров К1удияб Ват1анияб рагъул тарихалда хасаб бак1 ккурал Сталининградалда унел рук1арал кьабиязулъе г1ахьаллъизе. Гьевгун цадахъ гьенив вагъулев вук1ана Буртунаялдаса Тимиев Сурхайги. Гьенир рагъал унел рук1ана г1иц1го шагьаралъе ва къват1азе г1оло гурелги, щибаб рукъалъе г1ологи. Херлъараб мехалда гьереси бицун щиб гьабилеб, биялъ баг1арармейцасул пилотка т1адгъур босун унеб бихьана, ян бицана гьанже ветеранас.
Мух1амадкамилил х1акъалда жиндирго пикру загьир гьабун гьадин бицана С. Тимиевасги: -«Гьев вугоан х1инкъи – къай лъаларев, къват1иб бак1алда лебалав маг1арулав. Командирзабаз рагъулаб т1ад – къай  кьолаго, разведкаялде рит1улаго жиндие изну кьеянги абун цеве вахъунаан гьев» – ян.
Цо къот1носа немцал нахъе хъамулаго г1асиял рагъал унел рук1ана. Гьеб къват1алъул цояб рахъалдаса цогидаб рахъалде унаго  Мух1амадкамилил бохалда щвана кьвагьулеб гула. Гьелъул ругъун бук1ана цакъ зах1матаб. Дагьаб заманаялда рагъулаб госпиталалдаги вегизавун гьесие лъабго моц1алъул отпуск кьуна ва рукъове вит1ана. Амма росу – районцоял тушманасде данде рагъулелги рук1ун, живго рукъов ч1езе гьесул намусалъ къабул гьабич1о ва нахъеги фронталде вит1еян районалъул рагъулаб комиссариаталде ана. Гьениса вит1арав гьесда Хасавюрталда бич1ч1инабуна дуда ругъунги г1ураб зах1малъиялъул бугин, цо дагьа – макъаб жо баккани мун рукъове тезе бегьулин. Гьелдасаги гьес инкар гьабуна ва нахъеги рагъде ана.
Т1адвуссун Мух1амадкамил фронталде иналде нилъер рагъухъабаз немцал бакът1ерхьудехун  хъамулел рук1ана ва цолъана Белоруссиялъул шагьар Витебск эркен гьабулел аскаралгун. Гьениб тушманасда кьабиял щвезариялъе пайда босулеб бук1ана ярагъалъул киналго тайпабаздасан. Гьедин гьев нахъе гъуна гьениса туревги, Прибалтикаялъул республикабаздасаги, эркен гьарула Польшаялъул тахшагьар – Варшава, Европаялъул бакъбаккудехун колел пачалихъалги. Мух1амадкамилие рагъ лъуг1ана Германиялъул бакъбаккул Пруссиялда. Гьенир асирлъун гьарулал немцал данде гьарулаго к1иабизеги лъукъана. Гьаб нухалда ругъун щола чехьалда. Нахъеги сах гьавула ва 1946 соналде щвезег1ан армиялдаго хут1ула. Ракълилаб заманалда Мух1амадкамилица гьабураб х1алт1иялдасаги рази руго росуцоял.
Мансур Жантемиров,
Алмахъ росу.