Алмак - труженики. Занкиевы

Гаджимагомед Гаджимагомедов
Рассказ о Занкиевых

(на аварском языке)


ЗАНКИЕВАЗУЛ 
Г1УМРУЯЛЪУЛ  НУХ.

Алмахъалдаса Баг1арал партизанал Байбулатов Занки ва Гъубаханов Тавсултанги 26.07.1934 соналъ тушманасул рек!к!аб гуллидалъун къадаралде щвана.
Алмахъ росулъ Имам Шамилиццаги абун бук1ана гъазиял рахъун хварал бусурбаби рукъизе 1845 соналъ рагьараб хабал \гьеб бицана ниже Мусаев Насрулаца, 1912 соналъ гьавурав, рагъул участник, гьенжеги Алмахъ росулъ вугев\.
Гьеб хабалалъ вукъана Байбулатов Занкиги ва Гъубаханов Тавсултан.
2005 соналъ Занкиевазул тухумалъул г1олохъабаца Алмахъ росулъеги ун гьеб хобалда лъуна ц1ияб зани, ва ц1акъ берцин гьабун къач1ана гьеб хоб.

Байбулатов Занкил анкьго лъималазул ургъелги т1алаб-агьазги, киналъулго жавабчилъиги т!аде ккана гьесул лъади, мунагьал чураяй Сайгибатиде. Гьей йик1ана Т1адег1анав Аллагьасул х1укмуялде г1ажаибго берцинаб сабру бугей, таваккалай, бахъараб хвалчен г1адай, г1адан. Лъидего г!арз бахъич1ого, гьеч!еб, бак!алдасан кумек 6алагьич1ого, гьелъ ахиралде швезег1ан жиндирго т1олабго г!умру сайгъат гьабуна лъимал г!умруялде рахъинариялъе. Бохдузда рахъун ч!аралдаса нахъеян абухъего, лъималги бажарулеб кумек гьабизе эбелалъул хьолбохъ ч1олел рук!ана. Эбелалъ кинабго рахъалъ х!аракат бахъулеб бук!ана лъималазе лъик!аб тарбия кьезе, гьел зах1маталде ругьун гьаризе, г!ет1 т!ун щвараб чинк!ил къимат гьабизе. Лъималги г!олел рук1анаэбелалъухъ г!енеккун, гьелъ малъараб гьабун, берци­наб г!амал-хасият бугеллъун. Кинабго льик! унеб бугилан ккараб мехалъ, байбихьана К1удияб Ват1анияб рагь. Нахъег!анав тушманасдаса эбелаб ВатЬш ц!унун рагьизе ана Сайгибатил к!иго вас-Маккашарип ва Мух1амад Занкиевал. Гьел кидагоялъе кьалул байданалда хут!ана. Гьелдаги эбелалъ сабураб таваккал гьабуна. Рагьул ва хадусел соназ колхозалда х!алт!ун щибго щолеб бук!инч1олъиялъ, Сайгибат росдал школалде техничкалъул х1алт1изе лъугьана. Гьенисан щолеб дагьабго бугониги, щагьикопекалъги зах1матаб г1умруялда рукъи базе кумек гьабулаан

Ниж г!умруялде рахъизелъун, эбелалда бихьизе камун г!акъуба-къварилъи хут!ич!илан бицана Пибадулаца, хабар-к!алалда рук!аго. Дагь-дагьккун сахлъана рагъалъги ракъдаллъи-ракъиялъги лъурал зах1матал ругьнал. К1удиял г!уна васалги цо йигей ясги. Г1адат х!исабалда, хъизанапда лъай-махщелалде, г!умруялъул хиса-басиялде к!удияздасан байбихьулелъул, Занкиевазе гьеб бат!айиса ккана. Инсул ц!ар лъурав, бищунго гьит!инав Занкица 1957 соналъ Хасавюрталъул школа механи­зация (гьедин абулаан цебе), гьанжесеб ОПТУ лъуг!изабуна. Къаде колхозалъул хурзабахъ тракторалдаги х1алт!ун, къаси ц!ализеги хьвадун, лъуг!изабуна гьоркьохъеб школа.
Киг1анго рокъосан хъизаналъул т!алаб гьабизе зах!мат бук!аниги, х!алт1иги тун, ц!алун лъуг!изабуна Буйнахъскиялъул механикияб техникум. Занки 30 соналъ х!алт!ана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» колхозалда бет!ерав инженерлъун, т!уразаруна цогидалги жавабиял х!алт1а6и. Зинкил к!удияв вас Пибадулаца, 1958 соналъ Буйнахъскиялъул СПТУги лъуг1изабун, г1агараб колхозалда трактористлъун х1алт1изе байбихьана.

Араб г!асруялъул 60-80 соназул гьоркьоблъиялда нилъер республикаялда г!ат!идго т!ибит!ун бук!ана, мехзвенабиги г!уц!ун, ц!оросаролъил т!адег!анаб бач!ин г1езабиялъул соцкъец.
Гьеб къецалъе ишалъулаб жавабги гьабун, нилъер районалда мехзвеноги г!уц!ун, т1оцебесеб нухалъ ц!ияб х!алт!иялде таваккалаб гали т!амурав чи ккола «Гьудуллъи» колхозалъул механизатор Занкиев Г1ибадула. Щибаб сонапъ лъалъалареб ракьалда ц!оросаролъил бач!ин г!езабулаго, зах1маталъул т1адег1анал х1асилал щолел рук!ана гьесул мехзвеноялъе. Гъол соназ Пибадулал х!алт!ул лъик!ал х!асилазулги х!албихьиялъулги х!акъалъулъ г!емераб хъвана, бицана ва бихьизабуна. 1967 соналъ къват!ибе биччараб, мунагьал чураяв Г1абдурахман Данияловасул «Муг1рузул улкаялъул х!акъалъулъ пикраби* абураб ("Мысли о стране гор") т!ехьалдаги бицен гьабулеб буго Г1. Занкиевасул мехзвеноялъул х!акъалъулъ.

Лъалъалареб ракьалъул щибаб гектаралдаса ц!оросаролъил 46,5 центнер бак!аранилан хъвалеб буго гьеб т!ехьалда. 1977 соналъ к!иго чиясдасан г!уц!араб гьеб мехзвеноялъ 115 гаялда г!езабун буго ц!оросаролъ ва щибалдаса бак1арун буго 36 центнер. Лъалъалареб ракь бук!ин х!исабалде босани, бач!иналъул х!асилал ц!акъго т1адег!анал руго.

       Г1ибадулал г!емераб г!ет! т!ун, зах!мат баччун гьабураб х!алт!и к!одо гьабун буго къиматал сайигъатаздалъун, г!арцулал шапакъатаздалъун ва г!емерал орден-медалаздалъун. Гьев ккола ДАССРалъул мустах1икъав механизатор, гьесие щвана «Х1урматалъул г1аламат» орден, цойги г1емерал шапакъатал, гьев ккола ВДНХялъул г1ахьалчи.
Расул Идрисовасул «Салатавия -дир ч1ух1и» абураб т1ахьида \Мах1ачхъала, 2005 с., гь.247\ хъвалеб буго к1удияб х1урматгун рехсола Гъубахан Тавсултановас жиндир бах1арчияб зах1маталъ:

-Щибаб соналъ, гьоркьохъеб х!исабалда, цоги мухь малъи-ч!ого, ц!оросаролъил гьесие щолеб 6ук1араб къадар 6-7 тоннаялде бахунаан. Пенсиялде араб мехалъин абуни, колхо­залъул правлениялъ гьесие ч!обого живго х!алт1улев вук!араб «Белорусь» трактор кьун буго. Г1ибадуладаса к!удияв вац Г1али механизаторазул кьерде вач!ана лъималазул эменлъунги ва-хъараб, г!умруялъул ц!ик1к1араб ригьалде вахараб мехалъ.
Гьедин бугониги, гьес бач1инахъего бихьизабуна техникаялде жиндирго бугеб рокьиги, бажариги. Падала гуро маг!ишаталъе т!оцебе трак­тор-бульдозер бач!араб ме­халъ гьелда х1алт1изе Г1алиде божилъи гьабураб.
Къогоялдасаги ц1ик1к!араб соналъ гьевги х!алт!ана техникаялда. Г1али вуго г!одосаго как-диналда т!ад борхана х!ежги.

Г1алих1ажидаса к!удияв, церег!ан соназ къадаралде щварав, мунагьал чураяв Байбулат х!алт!ана росдал Советалъул секретарьлъун, школалъул завхозлъун, кол­хозалъул х!исабчилъун, т!уразаруна цогидалги хъулухъалъулал х1алт!аби. Бишунго гьит!инай, вацазда гьоркьой цох!о йигей Гулбикаги гьит!инаб мехалдасаго эбелалъулги вацазулги хьолбохъ ч!ана ва х1алт1ана г!агараб колхозалда. Т1адехун бицен гьабурал Занкиевал гьанже мустах!икъаб х!алхьиялда руго.
Дица гьаниб къокъгохъван таниги, гьез гьабураб х!алт!ул роцен ц1акъго к!удияб буго. Байбулатов Занкилги Сайгибатилги наслуялъул г!уна 162 чи. Гьезул 22 чи ккола механиза-торал-шоферал. Гьел руго росулъ ц1акъ лъик1 г1адамазе жал рокьулел, бихьинчиял, росуцоял разиял, ккаралъуре рахъунел бах1арчиял г1адамал.
Цо-цоял бат!ияб х!алт!и-ишалда ругониги, гьезда киназдаго лъала техника х!алт!изабизе. Пенсиялда ругезул наслу жакъаги колхозалда х1алт1улеб буго. Цебеги «Гьудуллъи» колхоз бук!ана Дагьистаналдаго машгьурал ва лъик!аб ц!ар бугел маг!ишатазул цояб.
Жакъаги гьеб саламатаб ч!аголъиялда буго. Гьеб гьединаб ч1аголъиялда хут!иялъулъ бергьун к!удияб ва мустах!икъаб бут!а буго механизаторал Занкиевазул.
Гьединаб буго муг!рузул уякаялда Советияб власть бергьиналъул къеркьохъан, Баг!арав партизан Байбулатов Занкилги, Сайгибатилги хъизаналъул г!умруги къисматги.

М-камил ЛАХ1ИТОВ, Калинннаул