Алмак - фронтовики. Омарасхаб Газиев

Гаджимагомед Гаджимагомедов
Рассказ о фронтовике Омарасхабе Газиеве

(на аварском языке)


БЕР  КЪАНЩИЧ1ОГО  ГЬУЖУМАЛЪ  АНА.
стр. 102.
К1удияб Ват1аналъулаб рагъ байбихьилелде Алмахъалдаса Гъазиев Г1умарасх1аб вук1ана 26 сонил г1умруялде вахарав, г1езиг1анго квешабги лъик1абги бихьарав, ц1убараб пикруялъул лебалав г1адамазул цевехъан. Гьев ккола росулъ т1оцересел комсомольцазулги коммунистазулги цояв, колхоз г1уц1иялъе жигарав къеркьохъан, г1адамазул лъаялъул даража ва культура борхизабиялда жиндирго г1умру бухьинабурав, коммунистазул партиялъ ва Советияб пачалихъалъ кинаб суал цебе лъуниги  гьеб т1убазабизе рух1 кьезе х1адурав, нек1сияб заманалъул кьог1лъиги гьанжесеб заманалъул г1ат1илъиги жиндаго бихьарав х1инкъи лъаларев маг1арулав.
«Сталин» колхозалъул парторглъун х1алт1ула вук1арав Гъазиевас районалъул активалъул данделъиялда к1алъалаго цо нухалда абуна: «Ват1аналъул рак1 Москва немцазул фашистаз бахъизехъин бугеб заманалда жиндир намусалъ къабул гьабуларо росулъ хьвадизе» - ян ва президиумалъул столалда т1ад лъуна фронталде вит1еян хъвараб жиндирго арза. Г1умарасх1абил мурад т1убана 1942 сонил январь моц1алъул 20 абилеб къоялъ. К1иго моц1 гьоркьоб инелдего рагъул дагьа – макъаб куци щвараб Гъазиевас хъулухъ гьабулеб часть рехана Керчалъулаб рахъалде.
Хадусан г1умарасх1абица г1ахьаллъи гьабуна Буртунаялдаса Г1исаев Идирисгун, Дациев Насрулагун, Алмахъалдаса Ибрагьимов Закариявгун, Муртазг1алиев Къадигун, вацал Къурбанг1алиевал Х1амзат ва рашитхангун цадахъ Брянск, Смоленск, Москва ц1униялъе г1оло Баг1араб Армиялъ гьарурал г1асиял рагъазулъ. Гьесул рек1елъ бищунго асар хут1араблъун ккана Курская дугаялда бук1араб к1иябго рахъалдасан миллионал солдатал, аза – азар танк ва цогидаб техника г1ахьаллъараб бищунго х1алуцараблъун бук1араб рагъ. Цо г1ужумалда цониги командир ч1аго гьеч1олъи бихьарав, Г1умарасх1аб «Сталиние» Ват1аналъе г1оло, дида хадур, Ура! – абун гьаракьги гьабун цеве к1анц1ула. Гьеб гьунар к1одо гьабун Гъазиевасул каранда бана «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль.
1943 сонил 10 августалда автоматчик Гъазиев зах1матго лъукъана ва гьев сах гьавизе тылалде вит1ана.
Гьелделъун къокъ – лъана коммунистасул рагъулаб нух, т1убана рек1ел анищ, щвана тушманасдаса къисас босизе рес, даимго хут1ана Ват1аналъе рит1ухъав васлъун, ц1адулав патриотлъун.

 Макъала хъвана Расул Идрисовас.


ЖАКЪАГИ  НИЛЪГУН.

(на аварском языке)

стр. 26.
Рак1алдаса унарел лъугьабахъиназдалъун бечедаб буго Ленинаул росулъа партиялъул, рагъул ва зах1маталъул ветеран Г1. Гъазиевасул г1умруялъул нух. 13 сон т1убарав чиясда т1аде ккана бесдаллъуда хут1араб хъизаналъул т1алаб. 14 сон байдал вищана Алмахъалда т1оцебе г1ц1араб комсомолалъул ячейкаялъул секретарьлъун. 15 сон бук1ана 1930 соналъ 25 октябралъул ц1аралда бугеб колхозалъул х1исабчиясул иш т1ад  базабураб заманалда. 1932 соналъ восана КПССалъул членлъиялде кандидатлъун. Гьебго соналъ т1уразаруна колхозалъул председателасул, бухгалтерасул ва кассирасул хъулухъал.
1934 соналъул ихдал колхозал г1уц1иялде дандеч1араз Г1умарасхабида нахъесан туманк1 реч1ч1ана. Бохалда лъураб ругъун сахлъун хадув х1алт1ана учительлъун. Амма 1934 соналъ х1инкъи ккана колхоз биххиялда ва партиялъул райкомалъул бюроялъул х1укмуялдалъун Гъазиев нахъеги колхозалъул председательлъун т1амуна.
1939 соналъ Г1умарасхабил г1умруялъулъ ккараб к1удияб лъугьа-бахъинлъун бук1ана партиялъул членлъун воси ва колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун вищи.
Гьеб хъулухъалда вук1ана К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизег1ан. Алмахъалдаса г1олилалго г1адин Гъазиев 1942 соналъул 10 январалда фронталде ана. Жиндирго рагъулаб нух байбихьараб бак1лъун гьес рик1к1уна  Москваялъул сверухълъи. Пехотаялъул полкалъул хасаб разведчиказул ротаялъул х1исабалда вагъулаго г1ахьаллъана Москва, Смоленск, Брянск областал немцаздаса эркен гьариялъулъ. 1943 соналъул августалда Курскалъул дугаялда т1орит1арал рагъазулъ зах1матго лъукъана ва лъабго моц1алъ госпиталалда сах гьавун хадув, г1агараб росулъе т1ад вуссана.
1944 соналъ къисматалъ Г1умарасхаб Ленинаулалде вачана. Байбихьана халкъияб маг1ишат цебет1езабиялда х1алт1изе. Г1емерал соназ х1алт1ана Ленинаулалда, Буртунаялда колхозазул парторганизациязул секретарьлъун, партиялъул райкомалъул пропагандистлъун, рохьил маг1ишаталда. К1иго нухалда мустах1икълъана ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул, РСФСРалъул «Знание» обществоялъул ва ВЛКСМалъул обкомалъул Х1урматалъул грамотабазе.
1974 соналъ «Гьудуллъи» колхозалда бухгалтерлъун х1алт1улаго. Гъазиев мустах1ихъаб х1алхьиялде анна. Жакъаги гьев нилъгун вуго. Росдал г1олилазе, ц1алдохъабазе Г1умарасхаб ккола х1урматияв гьоболлъун.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 43 сон т1убалеб къо к1одо гьабулаго 1 даражаялъул Ват1анияб рагъул орденалъ, 11 медалалъ керенги гвангъизабун, Г1умарасхаб нахъеги дандч1валев вуго росуцоялгун. Гьезие бицине жо ветеранасул г1емераб буго.

И. Мух1амадов, Нижер хасав мухбир г.»Коммунист» от 09.05.88 г. №56-57, с.1.